«Открой очи мои, и увижу чудеса закона Твоего.
Странник я на земле; не скрывай от меня заповедей Твоих»

(Псалтирь 118:18-19)

Инжил магӀарул мацӀ (Новый Завет на аварском языке )

Институт перевода Библии (ИПБ) – это российская научная организация, занимающаяся переводом, изданием и распространением Библии на языках неславянских народов, проживающих в России и в сопредельных странах. Эти народы (около 85 млн чел.) имеют различные культурные и религиозные корни и говорят на более чем 130 языках. Численность носителей некоторых из них составляет миллионы, другими владеют только несколько тысяч и даже сотен человек. Одни языки имеют давнюю литературную традицию, а для других письменность была создана совсем недавно. Цель Института перевода Библии – создать точный и богословски верный перевод, чтобы донести содержание Библии до современного читателя на родном языке.

Деятельность ИПБ проходит по благословению Святейшего Патриарха Московского и всея Руси Кирилла. Офис Института располагается в Москве, в Андреевском ставропигиальном монастыре. 28 октября 2015 года весь коллектив Института перевода Библии был удостоин  медали священномученика Евгения (Зернова) в благодарность за многолетнее плодотворное сотрудничество в деле распространения Слова Божия и христианского просвещения народов Якутии. Медаль вручил Председателю Правления ИПБ протоиерею Александру Троицкому епископ Якутский и Ленский Роман.

Книга взята с сайта http://ibt.org.ru/ru/

Инжил

 

ЦІияб КъотІи

 

Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008

 

ЦеберагІи

 

ХІурматияв цІалдолев!
Дуца кодобе босараб тІехьалда цІар буго «Инжил».
«Инжил» ккола Библиялъул – жугьутІазул ва христианазул Хирияб ТІехьалъул – цо бутІа. Гьеб ккола азарго гІанасеб мацІалде буссинабурабги дуниялалда бищунго гІемерал гІадамаз цІалулебги тІехь. Гьелъ кІудияб асар гьабуна гІемерал халкъазул рухІияб ва культурияб гІумруялъе. Гьанже дуе рес щун буго гьеб магІарул мацІалда цІализе.
Библия ккола азаргоялдаса цІикІкІун соназ хъварал некІсиял тІахьал цолъизарун лъугьараб тІехь. Гьеб гІуцІун буго кІиго кІудияб бутІаялдасан. ТІоцебесеб бутІаялда – «НекІсияб КъотІиялда» – бицунеб буго Аллагьас дуниялги инсанги рижараб куцалъул, аварагзаби ритІун, жиндирго рагІи халкъалъе Гьес загьир гьабураб куцалъул, Аллагь цо вукІиналда тІоцебе божараб халкълъун лъугьараб жугьутІ халкъалъухъе Муса аварагасдалъун Аллагьас Къанун рещтІинабиялъулги хІакъалъулъ. Гьеб киналъулго хІакъалъулъ «НекІсияб КъотІиялда» бугеб щуго тІехьалда Тавратилан абула.
«НекІсияб КъотІиялъул» хадусел тІухьдузда бицунеб буго Къануналъул амруязе гІадамал чанцІулго хилиплъиялъул. Гьел битІараб нухде ккезаризе Аллагьас гІадамазухъе аварагзаби ритІана, амма гІемерисел божичІо аварагзабазул рагІуда. Муса аварагги гьоркьов ккун, Аллагьасда ва иман лъураб халкъалда гьоркьоб гьабун букІараб КъотІи хвезабулаан гьез. Аварагзабаз гІадамазда бицунеб букІана иман лъуразулгун Аллагьас ЦІияб КъотІи гьабулеб заман бачІине бугин ва гІадамазухъе цІакъго кІудияв авараг ва абадияв парччахІ – МасихІ – витІизе вугин.
КІиабилеб бутІаялда – «Инжилалда» – христианаз абула «ЦІияб КъотІийилан». Гьеб хъван буго грек мацІалда. «Инжилалда» рехсон ругел лъугьа-бахъинал ккана кІиазарго соналъ цере. Доб мехалда Рималъул империялъул кверщаликь букІараб Палестинаялда гьавуна ГІиса МасихІ. Гьенир рукІарал жугьутІаз цІунана жидерго умумузул динги гІадаталги. Гьел божулаан, аварагзабаз цебеккунго бицухъе, Аллагьас гьезухъе МасихІ витІизе вукІиналда ва, чияр кверщелалдаса жалги хвасар гьарун, МасихІ парччахІлъун лъугьине вукІиналда. Амма ГІиса дуниялалде вачІиналъул букІана жеги тІадегІанаб мурад – мунагьалъулги хвалилги кверщелалдаса гІалам хвасар гьаби.
«Инжилалде» гьоркьобе уна 27 тІехь. ТІоцебесеб ункъо тІехьалда цІар буго «Рохалил хабар». Гьел тІухьдуз бицунеб буго ГІисал гІумруялъулги, гьесул муридазулги тушбабазулги, гІадамазе гьес гьарурал насихІатазулги, рихьизарурал мугІжизатазулги, гьев хвеялъулги ва хваралъуса вахъиналъулги хІакъалъулъ. Гьаб ункъабго тІехь хъван буго ГІисал ункъо муридас – Матфейица, Маркица, Лукаца ва Иоанница. Гьел рукІана гьеб кинабго жидер беразда бихьарал яги бихьараз бицунеб рагІарал гІадамал. «Рохалил хабаралъул» ункъабго тІехьалда батІи-батІияб рахъалдасан бицунеб буго ГІисал гІумруялъул хІакъалъулъ. Цо-цо бакІалда дандеккола ункъазго хъвараб жо, цо-цо бакІаздайин абуни цоялъ цояб камиллъизабула.
Хваралъуса вахъинавун ГІиса зобалазде восун аралдаса хадуб гьесул муридазул букІараб гІумруялъул бицунеб буго «Чапарзабазул ишал» абураб тІехьалда. Гьеб хъвана цо «Рохалил хабаралъулги» авторлъун кколев Лукаца. Гьев вукІана тІехьалда рехсарал гІемерисел лъугьа-бахъинал жиндир беразда рихьарав ва гьезулъ гІахьаллъарав чи. «Чапарзабазул ишал» абураб тІехьалда аслияб къагІидаялъ бицунеб буго ГІисал чапарзаби Пётрил ва Павелил хІакъалъулъ. Бищунго цІикІкІун гьев кІиясго хІаракат бахъана ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабизе, гьесул хІалкІолъиялдалъун гьез рихьизаруна гІемерал мугІжизатал.
ГІисаде иман лъуразухъе чапарзабаз кагътал хъвана, ГІисаца бицунеб букІараб гьезда бичІчІизабун, Аллагьасде руссарал гІадамал кин хьвадизе кколелали насихІатал гьарун. Нахъе цІунун хутІун бугеб гьединаб къоло цо кагъат «Инжилалъул» тІехьалда лъун буго. «Чапарзабазул ишал» абураб тІехьалъги гьел кагътазги нилъеда бицуна тІоцере ГІисада нахърилълъарал, доб заманаялда жидер хІакъалъулъ христианалин абизе байбихьарал, гІадамазул гІумру кинаб букІарабали.
«Инжилалъул» ахирисеб, къоло анкьабилеб, тІехь ккола «Иоанние Аллагьас загьир гьарурал ишал». Гьеб тІехьалда бицунеб буго дуниял ахирлъараб мехалда ккезе бугебщиналъул хІакъалъулъ.
КІиазарго соналъ цебего хъвараб «Инжилалда» ратула гьанжесеб гІелалъул гІадамазда ричІчІуларел бакІал, жеги рагІичІел калимаби. Гьединлъидал тІехьалъул ахиралда кьун буго ричІчІизе захІматал рагІабазе баян. ЦІалдолесда гьенирго ратила тІехьалда рицарал аслиял лъугьа-бахъинал ккарал бакІазул картаби.
ЦІализе бокьараб бакІ батизе бигьалъиялъе Библиялъул текст ХІІІ гІасруялда бутІрузде бикьун букІана, ХVI гІасруялда щибаб бетІер аятазде бикьун, гьезие номерал кьуна. МагІарул цІалдолезе бигьалъиялъе гІисинал бутІрул ратІа гьарун, гьезиеги цІарал кьун руго.

 

Библия таржама гьабиялъул институталъ 1996 соналда магІарул мацІалда басмаялде бахъана «Инжилалъул» цо бутІалъун кколеб «Маркица бицараб Рохалил хабар». 2000 соналда цІалдолезухъе щвана цоги тІехь, гьелда жанир руго «Лукаца бицараб Рохалил хабар» ва «Чапарзабазул ишал». 2005 соналда бахъана «Сулайман аварагасул гІакъилал рагІаби» абураб тІехьги. Гьеб ккола «НекІсияб КъотІиялъул» цо бутІа.
«Инжил» таржама гьабиялъул иш рагІалде бахъана Библия таржама гьабиялъул институталъул хІалтІухъабазулги, Библиялъул цолъарал обществабазул ва Дагъистаналъул гІалимзабазулги гІахьалаб хІаракатчилъиялдалъун. Таржамаялда тІад гьел хІалтІана 1990 – 2007 соназда. Гьаниб баркала кьезе бокьун буго гьаб тІехь магІарул мацІалде буссинабиялъе квербакъи гьабураб Россиялъул гІелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гІелмияб централъул МацІалъул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъе.
ТІехь басмаялде бахъаразул хьул буго гьаб таржамаялъ магІарул халкъалъул рухІияб гІумруялда жаниб цо бегьулеб бакІ кквелин.
Библия таржама гьабиялъул институталъ авар мацІалда басмаялде бахъизе хІадур гьабулеб буго Библиялъул тІоцебесеб тІехь – «Байбихьи».

 

 

Библия таржама гьабиялъул институт

 

 

Матфейица бицараб Рохалил хабар

Матфейица бицараб Рохалил хабар

 

«Матфейица бицараб Рохалил хабар» хъван буго нилъер эраялъул І гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялда. Гьелда жанир руго ГІиса МасихІил гІумруялъулги вагІза-насихІатазулги хІакъалъулъ харбал. Матфей ккола ГІисада цадахъ рукІарал муридазул цояв.
«Матфейица бицараб Рохалил хабаралда» баян гьабулеб буго ГІиса хІакълъунго МасихІ вукІин. ГІадамал мунагьалдаса ва хвалдаса хвасар гьаризе гьев дуниялалде витІиялдалъун Аллагьас тІубазабулеб бугин цІакъго цебе заманаялдаса нахъего Жинда божулезе гьабун букІараб къотІи. Гьединлъидал Матфейица гІемер рехсолел руго Библиялъул тІоцебесеб бутІаялдаса – жугьутІазул Хирияб ТІехьлъун кколеб «НекІсияб КъотІиялдаса» – калимаби. Матфейидасан бачІараб Рохалил хабар букІана ГІиса жидеда гьоркьов гьавураб ва гІураб жугьутІ халкъалде ва гьебго заманаялда тІолабго гІаламалде хитІаблъун. Гьеб байбихьулеб буго ГІиса гьавиялдасан, цинги бицунеб буго гьев лъадалъ ччун вахъиялъул, илбисалъ къосинавизехъин вукІиналъул, Галилея улкаялда гьес гьарурал насихІатазул ва унтарал сахлъизариялъул. Гьелдаса хадуб батула Иерусалималде ГІисаца гьабураб ахирисеб сапаралъул, дуниялалда ГІисал гІумруялъул ахирисеб анкьалда жанир ккарал лъугьа-бахъиназул, ахиралдаги гьев хъанчида ваялъул ва хваралъуса вахъиналъул хІакъалъулъ.
«Матфейица бицараб Рохалил хабаралда» ГІисаца халкъалда бичІчІизабулеб буго Муса аварагасдалъун загьирлъизарурал Аллагьасул амруязул магІна ва лъазабулеб буго Зобалазул ПарччахІлъи гІагарлъулеб бугилан.

 

1 бетІер

 

ГІиса МасихІил цІаразул рахас

 

1Ибрагьимил наслуялъул Давудил кьибилалъул вас ГІиса МасихІил умумузул цІаразул рахас гьадинаб буго:
2Ибрагьимие гьавуна ИсхІакъ, ИсхІакъие гьавуна Якъуб, Якъубие гьаруна Ягьуда ва гьесул вацал. 3Ягьудае Тамарица гьаруна Перецги Зараги, Перецие гьавуна ХІецрон, ХІецроние гьавуна Рам, 4Рамие гьавуна ГІаминадаб, ГІаминадабие гьавуна НахІшон, НахІшоние гьавуна Шалмон, 5Шалмоние Рагьабица гьавуна БогІаз, БогІазие Рутица гьавуна Йобед, Йобедие гьавуна Йишай, 6Йишаие гьавуна парччахІ Давуд.
Уриял йикІарай чІужуялъ парччахІ Давудие гьавуна Сулайман; 7Сулаймание гьавуна Регьобоам, Регьобоамие гьавуна Абиягь, Абиягьие гьавуна Аса; 8Асае гьавуна Иегьошапат, Иегьошапатие гьавуна Иегьорам, Иегьорамие гьавуна Уззия; 9Уззияе гьавуна Иотам, Иотамие гьавуна Агьаз, Агьазие гьавуна Гьезекиягь; 10Гьезекиягьие гьавуна Манассегь, Манассегьие гьавуна Амос, Амосие гьавуна Иосиягь; 11жугьутІал Вавилоналде гочинарилалде Иосиягьие гьаруна Йехониягь ва гьесул вацал;
12Вавилоналде гочун хадув Йехониягьие гьавуна Шеалтиэл, Шеалтиэлие гьавуна Зеруббабел, 13Зеруббабелие гьавуна Абиуд, Абиудие гьавуна Элиаким; Элиакимие гьавуна Азор; 14Азорие гьавуна Садок, Садокие гьавуна Ахим, Ахимие гьавуна Элиуд; 15Элиудие гьавуна Элиазар, Элиазарие гьавуна Маттан, Маттание гьавуна Якъуб; 16Якъубие гьавуна жинда МасихІилан цІар лъурав ГІисал эбелалъул – Марямил – рос Юсуп.
17Гьедин Ибрагьимидасан Давудиде щвезегІан анцІила ункъо наслу лъугьана; Давудидасан байбихьун жугьутІал Вавилоналде гочинаризегІанги лъугьана анцІила ункъо наслу; Вавилоналде гочараб заманалдаса МасихІиде щвезегІанги лъугьана гьебго анцІила ункъо наслу.

 

ГІиса МасихІ дуниялалде вачІин

 

18ГІиса МасихІ дуниялалде вачІин гьадин ккана: гьесул эбел Марям йикІана Юсупие абурай яс; амма гьес гьей ячиналдего Аллагьасул Илагьияб РухІалдалъун гьелъул ургьибе лъимер ккун букІин лъана. 19Гьелъул абурав Юсупица, яхІ-намус бугев чи вукІиндал, хІукму гьабуна гьей халкъалда суризе бокьичІого, балъгого гьелъулгун ригьин хвезабизе. 20Гьединаб пикруялда гьев вукІаго, макьилъ тІаде вачІун Бичасул малаикас абуна:
– Я, Давудил наслуялъул вас Юсуп! Марям лъадилъун ячине мун хІинкъуге. Гьелъул ургьибе ккараб лъимер Аллагьасул Илагьияб РухІалдалъун букІин лъай дуда. 21Гьелъ дуе вас гьавила; ГІисаян цІарги лъезе ккола дуца гьесда, гьес жиндирго халкъ мунагьаздаса хвасар гьабизе бугелъул[1].
22Гьеб кинабго ккана цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе: 23«Гьале ясгІаданалъул ургьибе лъимер ккела ва гьелъ вас гьавила. Гьесда цІарги лъела Имануэл». (Гьелъул магІна ккола «Аллагь нилъгун вуго» абураб.)
24Гьале Юсуп макьидаса вигьана, Бичасул малаикас абураб гьабун, жиндирго бахІарайги рокъое ячана. 25Амма гьелъ вас гьавизегІан, аскІов вегун, гьелда квер хъвачІо Юсупица. Васасда цІарги ГІиса абун лъуна.

 

2 бетІер

 

ЦІвабзазул гІелму лъалел гІадамал рачІуна Лъимер бихьизе

 

1Ягьудиялъул Бетлегьем шагьаралда ГІиса гьавуна Гьерод ханлъун вугеб заманалда. Гьебмехалъ бакъбаккул рахъалдасан Иерусалималде рачІана цІвабзазул гІелму лъалел гІадамал. Гьез абуна:
2– ЖугьутІазул ПарччахІлъун вукІине гьавурав дов вас кив вугев? Зобалазул бакъбаккул рахъалда баккун бихьана нижеда гьев гьавунилан бицунеб цІва. Гьесие сужда гьабизе рачІун руго ниж.
3Гьерод ханги, гьесдаго цадахъ Иерусалималъул тІолабго халкъги бихха-хочун лъугьана гьеб хабар рагІидал. 4Гьеб халкъалъул киналго чІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги данде ракІарун, Гьеродица гьезда гьикъана МасихІилан абулев парччахІ кив гьавизе кколевилан. 5Гьез абуна МасихІ Ягьудиялъул Бетлегьем шагьаралда гьавизе кколилан, цо аварагас Аллагьасул калима гьадин хъван бугилан: 6«Мунги, Бетлегьем, Ягьудал наслуялъул ракьалдайин бугеб, Ягьудал наслуялъул ракьалда ругел аслиял шагьараздаса къураб жо щибниги гьечІебин дур. Дур гьенив вахъина Дир хирияб Исраилил халкъалъул тІалаб гьабулев Цевехъан».
7Гьебмехалъ Гьеродица, цІвабзазул гІелму лъалел гІадамал балъго жиндихъего ахІун, гьезда цІехон, мухІканго лъазабуна доб цІва кида баккун бихьарабали. 8Цинги гьел Бетлегьемалде ритІана, гьеб лъимадул хІакъалъулъ кинабго хІакъикъат лъазабеян. Гьеб Лъимер батараб мехалъ жинда лъазабизе рачІайиланги абуна Гьеродица. Жиндиеги бокьун бугила гьеб Лъимералъе сужда гьабизе.
9-10Ханасулгун хабар-накъит лъугІидал, рахъун ана цІвабзазул гІелму лъалел гІадамал. Бакъбаккуда доб мехалъ бихьараб цІваги унеб букІана зодисан гьезда цебе-цебе. Кутакаб рохел лъугьана гьезул рекІелъе гьебмехалъ. Ахирги доб лъимер бугеб бакІалда тІад чІана гьеб цІва. 11Рокъоре жанире лъугьиндал, лъимерги батана, лъимадул эбел Марямги ятана. Нодо гІодоб цун сужда гьабуна гьесие цІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз. Цере рахъун, гьесие цІакъго хириял сайигъаталги кьуна: меседги, мирраги[2], кьеккен гьабулеб гьуинаб махІалъул пицІги. 12Гьезда макьилъ лъазабуна Гьеродихъе унгейилан. Гьелги батІияб нухалъ тІадруссун ана жидерго улкаялде.

 

Лъимерги бачун, Мисриялде лъутула Юсупги Марямги

 

13Гьел нахъе индал, гьале Бичасул малаик вачІун вуго Юсупихъе макьилъ.
– Гьеб лъимерги бачун, гьесул эбелги ячун, мун вахъун Мисриялде лъуте, – ян абуна малаикас. – ТІадвуссайилан дица абизегІан гьенив чІа. Гьеродида ракІалда буго гьеб Лъимер балагьизе ва чІвазе.
14ГьебсагІат тІаде вахъана Юсуп; васги вачун, гьесул эбелги ячун, сардилъго Мисриялде ана. 15Гьерод хвезегІан Мисриялда чІана. Гьеб гьедин ккана, цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Мисриялдаса нахъе айилан амру гьабуна дица дирго васасда».

 

Гьеродица лъимал чІваян амру гьабула

 

16Дол цІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз живго гуккаравлъи лъайдал, Гьеродил ццин гьалаглъана. Бетлегьем шагьаралдаги ва гьелда сверухъ ругел бакІаздаги кІиго соналде бахинчІеб бихьинабщинаб лъимер цо течІого чІвазе чагІи ритІана. ЦІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз бицун, мухІканго лъан букІиндалха гьесда доб Лъимер гьабураб заман. 17Гьедин ритІухълъана Иеремия аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима:
18«Рамаялдасан[3] рагІулеб буго
кутакаб магІил гьаракь.
Ракел гІодилей йиго жиндирго лъималазухъ,
ракІ-макІ гьабуниги, гІенеккулей гьечІо гьей.
ТІокІал гьечІелъулха гьел!»

 

Юсуп Мисриялдаса тІадруссуна

 

19Гьерод хвараб мехалъ, Мисриялда вукІарав Юсупихъе Бичасул малаик вачІана макьилъ. 20Гьес Юсупида абуна:
– Васги вачун, гьесул эбелги ячун, вахъун ГІизраилалъул ракьалде а. Гьеб Лъимер чІвазе къасд гьабулел рукІарал чагІи хун руго.
21Васги вачун, гьесул эбелги ячун, ГІизраилалъул ракьалде ана Юсуп. 22Амма Гьеродил бакІалда Ягьудиялъул ханлъун гьесул вас Архелай вугин рагІидал, гьениве ине хІинкъунги вукІана Юсуп. Макьилъ лъазабун хадуб, 23Галилея улкаялде вачІун, Назарет абулеб шагьаралда чІана. Гьедин ритІухълъана назареталдасевилан абилин хадуб гьесдаян аварагзабазда Аллагьас бицун букІараб калимаги.

 

3 бетІер

 

ЯхІя авараг халкъалда цеве вахъуна

 

1Гьеб заманаялда Ягьудиялъул гІицІаб авлахъалде вачІуна ЯхІя авараг.
2– Нуж кантІе, Аллагьасде русса, Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин! – абун лъазабулеб букІана гьес.
3«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!» – Гьединал рагІаби Аллагьас Ишая аварагасда жиндир хІакъалъулъ абурав чи вукІана ЯхІя. 4ЯхІяцайин абуни, варанидул квасул ретІел ретІунаан, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги. 5Гьесухъе рачІунел рукІана Иерусалим шагьаралдаса, Ягьудия улкаялдаса, Иордан гІурул тІолабго сверухълъиялдаса гІадамал. 6Жидерго мунагьал рехсон хадур, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе, Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал.
7Лъадалъ ччун рахъизе гІемерисел фарисеялгисаддукеялги жиндихъе рачІунел рукІин бихьидал, ЯхІяца гьезда абуна:
– ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб? 8Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе. 9Ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругилан гаргадизеги ракІалде ккоге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда. 10ГъутІбузда гъоркь гІащтІи лъун тун бугеблъи лъай нужеда. ЛъикІаб пихъ тІад бижичІеб гъветІ къотІун цІадаб лъезе бугебха! 11Дица нуж кантІизелъун, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго. Амма дида хадув вачІунев вуго гІемерго дидаса къудрат цІикІкІарав чи. Гьес тІаса рахъарал хьитал кодоре росизецин мустахІикъав гьечІо дун. Лъадаца гуреб, Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун чурун рацІцІад гьарила гьес нуж. 12Гьес бугьун хъатикь ккун буго, жиндирго гьоцІиб ролъги бацІцІад гьабун, гьеб цагърахъе буссинабизе, наккуги ссвинго гьечІеб цІадабе бан бухІила.

 

ГІиса Аллагьасул Вас вукІин загьирлъула

 

13Гьеб заманаялда Галилеялдаса вахъун ГІисаги вачІана Иорданалде ЯхІяца лъадалъ ччун вахъизе. 14Амма ЯхІя разилъулев вукІинчІо, гьес ГІисада абуна:
– Лъадалъ ччун вахъизе дун духъе вачІине кколеб бакІалда, мун дихъе щай вачІарав? – ан.
15Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна:
– Цин гьадин букІине те. Гьадин щвалде щун тІубазабизе ккола нилъеца Аллагьас нилъедаса тІалаб гьабулебщинаб жо.
ГІисаца абухъе гьабизе разилъана гьебмехалъ ЯхІя.
16Лъадалъ ччун вахъун гьебсагІат къватІиве лъугьун вачІана ГІиса. Гьебмехалъ зобги кІибикьизабун, миккидул сураталда боржун бачІун, Аллагьасул РухІ ГІисахъе рещтІунеб бихьана. 17Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан:
– Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун!

 

4 бетІер

 

Илбисалъ хІалбихьула ГІиса къосинавизе

 

1Цинги гьеб РухІалъ ГІиса гІицІаб авлахъалде вачана. Илбисалъ хІалбихьана гьев къосинавизе кІвелародайилан. 2Гьенив кІикъого къоялъ ва кІикъого сордоялъ кІал ккун вукІарав ГІиса ахирги вакъана. 3БачІун илбисалъ абуна гьесда:
– Мун Аллагьасул Вас ватани, чадазде сверайилан амру гьабе гьал ганчІазе.
4Гьелъие жаваб гьабун, ГІисаца абуна:
– ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб, Аллагьасдасан бачІараб щибаб рагІиялъин».
5Цинги Мукъадасаб шагьар Иерусалималде вачун, илбисалъ ГІиса Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъола. 6Гьелъ абула:
– Мун Аллагьасул Вас ватани, гъоркье кІанцІе! ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе дур рахъалъ амру гьабун буго» ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине».
7ГІисаца абуна:
– «Дурго БетІергьан Аллагьасул хІалбихьуге!» – янги хъван буго ТІехьалда.
8Гьанже илбисалъ ГІиса цІакъго борхатаб мегІералъул тІогьиве вачуна ва дуниялалъул киналго пачалихъалги ва гьезул кинабго кІодолъи-къудратги бихьизабула гьесда.
9Цинги ГІисада абула гьелъ:
– Гьаб кинабго дуе кьела дица, бетІер къулун дуца дие сужда гьабуни.
10ГІисаца гьелда абула:
– ТІагІа дида цебеса, шайтІан! ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе – дурго БетІергьанасе – гурони сужда гьабуге. ЦохІо Гьесие гьабе гІибадат!»
11Гьебмехалъ илбисалъ ГІиса живго тола. Гьале малаикзаби рачІана гьесие хъулухъалъе.

 

Галилеялда ГІисал вагІза-насихІат

 

12ЯхІя гвандинив тІамун вугилан рагІидал, ГІиса Галилеялде ана. 13Амма Назареталда чІечІо гьев. Забулонил ва Нафталимил ракьалда, Галилеялъул ралъдал рагІалда бугеб Капернаум шагьаралде ун, гьенив чІана. 14Гьеб гьедин ккана Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе:
15«Забулонил ракь ва Нафталимил ракь!
Ралъдахъе унаго нухда бугеб ракь!
Иордан гІурул доб рахъалда бугеб ракь!
Галилея – цогидал халкъазул ракь!
16БецІлъуда букІараб нужер халкъалъе гвангъараб нур загьирлъана,
нужер улкаялда хвалил рагІдукь рукІаразе рогьалил бакъ баккана».
17Гьелдаса хадуб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе байбихьана ГІисаца.
– Нуж кантІе, Аллагьасде русса! – ян абулеб букІана гьес. – Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин!

 

ГІисал тІоцересел муридал

 

18Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада вихьана ччугІие гьин рехулев кІиго вац: Пётр[4] абун гьес тІокІцІар лъурав Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби.
19– Дида цадахъ рилълъа, – ян абуна гьезда ГІисаца. – Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун.
20Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна.
21Гьениса унаго кІиго чи вихьана гьесда. Гьел рукІана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. Жидерго эмен Зебедайгун цадахъ лъугьун ччугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьел росода тІад. Дида цадахъ рилълъайилан ахІана гьездеги ГІисаца. 22Росода тІад эменги вукІаралъув тун, гьебсагІатго гьелги ана ГІисада цадахъ.

 

ТІолабго Галилеялда хьвадулев вукІана ГІиса

 

23Цинги гьев хьвадана тІолабго Галилеялда: гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, Зобалазул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унта-щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан. 24ТІолабго Сириялда тІибитІана гьесул цІар. Гьесухъе рачун рачІунаан унтуца гІазаб кьолеб бугелги, шайтІабаца ккуралги, унти бачІунелги, палижалъ ккуралги, – батІи-батІияб гІузру бугел гІемерал гІадамал. Гьел киналго сахлъизаруна ГІисаца. 25Гьесда хадур рачІунел рукІана Галилеялдасаги, АнцІшагьаралдасаги, Иерусалималдасаги, Ягьудиялдаса ва Иордан гІурул добаб рахъалдаса цІакъ гІемерал гІадамал.

 

5 бетІер

 

ГІисал кІудияб вагІза

 

1ГІемераб халкъ жинда хадуб бачІунеб бихьидал, ГІиса магІарде вахана. Гьенив гІодов чІун гьев вукІаго, тІаде рачІана гьесул муридал. 2Гьезие вагІза гьабун, гьадин абуна ГІисаца:
3– Гьардарал гурищ гьел, Аллагьасда цере жал мискинго рукІин лъалел, –
гьезие бугелъул Зобалазул ПарччахІлъи.
4Гьардарал гурищ гьел, гІодулел ругел, –
гьел рохизаризе ругелъул.
5Гьардарал гурищ гьел, хІалимаб гІамал бугел, –
гьезие щвезе бугелъул дуниялалъул кверщел.
6Гьардарал гурищ гьел, ритІухълъиялъухъ ракъарал-къечарал, –
гьел гІорцІизе ругелъул.
7Гьардарал гурищ гьел, гурхІел-рахІму бугел, –
гьездаги гурхІизе вугелъул.
8Гьардарал гурищ гьел, ракІ бацІцІадго бугел, –
гьезда Аллагь вихьизе вугелъул.
9Гьардарал гурищ гьел, ракълие рачел къалел, –
гьезда Аллагьасул васалилан цІар лъезеги бугелъул.
10Гьардарал гурищ гьел, ритІухъго хьвадунилан гІадамаз гІакъуба кьолеб бугел, –
гьезие бугелъул Зобалазул ПарччахІлъи.
11Гьардарал гурищ нуж, – дун сабаблъун нужеда рогьо балеб мехалъги, нужее гІакъуба кьолеб мехалъги, гьечІеб рагІи нужеде абулеб мехалъги – рохизе ругел.
12Роха-хинлъун рукІа, разиго рукІа,
Зобалазда кІудияб шапакъат щвезе бугин нужее.
Цересел аварагзабазеги кьедал гІадамаз гьедин гІазабги гІакъубаги.
13Нуж руго гьаб дуниялалъул цІам. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, гьеб кин кІиабизе цІамгІаллъизабилеб? Халкъалъ хІатІикь мерхьине гІодобе бани гурони, сундуениги къваригІунаро гьебмехалъ цІам.
14Нуж руго дуниялалъе нур. Борхатаб магІарда бугеб шагьар кин бахчизе кІолеб? 15КІалагъоркье гьабун сахІ тІад лъезе гуро чирахъ бакулеб, рокъор ругел киназего канлъи кьезе борхатаб бакІалда лъезейин. 16Гьедин нужер нуралъги канлъи кьеги гІадамазе, нужер лъикІал ишал гьезда рихьизе, зобалазда вугев нужер Инсуе гьез реццги гьабизе.
17Нужеда ракІалде ккоге дун Мусал къанунги аварагзабазул динги хвезабизе вачІарав чийилан. Гьел хвезаризе гурев, гьел щвалде щун тІуразаризе вачІун вуго дун. 18ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: зобалги ракьалги тІагІун инегІан, къануналдаса цониги хІучч, цониги тІанкІ тІагІине гьечІо, Аллагьасул къадаралда рекъон кинабго тІубазегІан тІагІинаро гьеб. 19Гьединлъидал къануналъул бищунго гьитІинабгицин амру жинцаго хвезабуравги гьеб хвезабизе гІадамазда малъаравги бищунго гьитІинавлъун рикІкІине вуго Зобалазул ПарччахІлъиялда. Амма тІубазабулевги ва тІубазабеян цогидазда малъулевги бищунго кІудиявлъун рикІкІине вуго. 20Гьале дица нужеда абулеб буго: фарисеязулалдасаги диниял гІалимзабазулалдасаги нужер ритІухълъи цІикІкІинчІони, Зобалазул ПарччахІлъиялде кин рорчІилел нуж?
21Нужеда лъала: некІо рукІарал гІадамазеги Аллагьас амру гьабун букІараблъи: «Чи чІваге!» – ян ва: «Чи чІварав чи судалде вачине вуго», – ян. 22Дицани нужеда абулеб буго: жиндирго вацасда[5] ццин бахъаравги судалде вачине вуго. Жиндирго вацасда: «Рака! (Вахьна!)» – ян абуравги вачине вуго тІадегІанаб судалде. «ГІабдал!» – ан абуравги жужахІалъул цІадаве ккезе бегьула.
23Къурбаналъе жоги бачун, къурбаналъул гьан лъолеб бакІалде унаго, дуда ракІалде щвани дуца вацасул ццин бахъинабун букІараблъи, 24дурго къурбанги гьеб бакІалда тун, мун а дов вацасулгун рекъел гьабизе, цинги нахъвуссун вачІун хадуб хъве дуца къурбан. 25ДагІбадулас вачун, судалде унаго, нухдаго рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе гІедегІе. Гурони, гьес мун судиясухъе щвезавила, судияс гІеласухъе кьела, цинги гвандиниве рехила. 26ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дур ахирисеб шагьи-пара лъугІичІого, гьениса къватІивеги ворчІиларо.
27Нужеда лъала: «зина гьабуге», – ян амру букІараблъи. 28Дицани нужеда абулеб буго: чІужугІаданалъухъ хъублъи-хъахІбалъи ракІалде ккун валагьаравщинав чиясул рекІелъ гьелдехун зина лъугьанин. 29Дур кваранаб бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун рехе гьеб. Цо лага камиго лъикІ дуе, тІолабго черх жужахІалъул цІадабе рехизегІан. 30Дур кваранаб квералъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цо лага камиго лъикІ дуе, тІолабго черх жужахІалъул цІадабе ккезегІан. 31ЧІужу йиччан толев чияс гьелда цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кье гьелъухъеян хъван букІана. 32Дицани нужеда абулеб буго: хъахІбалъи хутІун, цогидаб гІиллаялъе гІоло чІужу йиччан таравщинав чи ккола зинаялда хьвадизе гьей тІамулев чилъун. Цогидас йиччан тарай гІадан ячарав чиги зиначи ккола.
33Цоги нужеда лъала некІо рукІарал гІадамазеги: «Бараб гьа биххуге, нагагь мун гьедани, Аллагьасукьа хІинкъун гьеб гьа тІубазабе» – ян амру букІараблъи. 34Дицани нужеда абулеб буго: киданиги гьедаруге. ЗобалхІаянги гьедуге – зодисанин Аллагьасул амру рещтІунеб. 35РакьалхІаянги гьедуге – ракьалдайин Аллагьасул кверщел тІибитІун бугеб. Иерусалималъул цІаралдалъунги гьедуге – гьеб буго кІудияв ПарччахІасул шагьар. 36«Дир бетІералхІа», – янги гьедуге, дурго бетІералда цониги рас я хъахІлъизабизе, я чІегІерлъизабизе кІоларо дуда. 37Бугелда бугин абе, гьечІелда гьечІин абе, хутІарабщинаб рагІи илбисалдасан бачІараб буго.
38Нужеда лъала: «Бералъухъ къисасалъе бер бахъе, гІусалъухъ гІус бахъе», – янги амру букІараблъи. 39Дицани нужеда абулеб буго: квешлъи гьабурасда дандечІоге. Дур кваранаб кІаркьеналда кьабуни, квегІаб кІаркьенги ккве гьесда цебе. 40Къадиясухъе вачун, духъа гурде бахъизе бокьарасе, тІаса бахъун дурго гІабаги кье. 41Цо километралъ мун хІалица вачарасда цадахъ кІиго километралъги а. 42Гьарарасе гьарарабги кье, налъуда кьеян вачІаравги нахъчІваге.
43Нужеда лъала: «Дуда аскІов вугев чи вокьа» – ян ва «дурго тушман риха», – ян амру букІараблъи. 44Дицани нужеда абулеб буго: нужерго тушбаби рокьа, нужее гІазаб-гІакъуба кьолелги дугІадулъ рехсе. 45Зобалазда вугев нужер Инсул васаллъун лъугьина нуж гьебмехалъ. Щайгурелъул гьес бакъ баккизабула лъикІазеги квешазеги, гьес цІад базабула рацІцІадазеги хъубазеги. 46Нуж рокьулел гІадамал нужее рокьиялъул кири кинаб букІинеб? Гьебго жо гурищ магъало бакІарулел чагІазгицин гьабулеб? 47Нужерго вацазе гурони нужеца салам кьолеб гьечІони, кири кинаб букІинеб? Гьебго жо гурищ Аллагь лъаларезги гьабулеб? 48Гьединлъидал нужги камилаллъун рукІа, Зобалазда вугев нужер Эмен камилав вугев гІадин.

 

6 бетІер

 

Садакъаялъул хІакъалъулъ

 

1Воре, нужерго муъминлъи гІадамазда цебе загьир гьабуге, гьезда бихьизелъун, Зобалазда вугев нужер Инсуца нужее кири хъваларебин. 2Садакъа кьолеб мехалъ, гІадамаздасан цІар-рецц бокьун, синагогабаздаги къватІахъги жидедаго сверухъ ахІи-хІур бахъинабулел, ххвелал гьаризе бокьулел чагІаз гІадин, кьоге нужеца садакъа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана. 3Дуца садакъа гьабулеб мехалъин абуни, кваранаб квералъ кьолаго квегІаб квералдацин лъазе биччаге. 4Балъго хутІизе те дурго садакъа, балъгоябги лъалев нужер Инсуца кири кІодо гьабила дуе гьелъухъ.

 

Гьари-дугІаялъул хІакъалъулъ

 

5ДугІа гьабизе бокьани, гІадамазда бихьизе гІоло, синагогабаздаги къватІахъги рахъун чІун Аллагьасде ахІдолел, ххвелал гьаризе бокьулел гІадамаз гІадин, гьабуге нужеца дугІа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана. 6Дуца дугІа гьабулеб мехалъин абуни, къан нуцІагун жанивги чІун, гьаре вихьуларедухъ дуда аскІов вукІунев дурго Инсуда. Балъгого гьабулебги бихьулев дур Инсуца кири хъвала дуе. 7ДугІа гьабулаго, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулел гІадамал гІадин, гІемерав гъулгъудизеги гъулгъудуге. Гьезда ккола халат гьабунагІан дугІа къабуллъулебилан. 8Гьезда релълъун лъугьунге: нужеца гьарилалдего лъала нужер Инсуда сунде хІажалъун нуж ругелали. 9Гьединлъидал дугІа гьадин гьабе:

 

Я, Зобалазда вугев нижер Эмен,
дур цІар гІадамаз мукъадасаблъун рикІкІаги,
дур ПарччахІлъи тІаде щваги.
10Зобалаздаго гІадин ракьалдаги дур амру билълъанхъаги.
11Жакъа нижер бетІербахъиялъе хинкІ-чед кье нижее.
12Нижер налъи-хІакъалда тІасаги лъугьа,
нижерго налъулазда тІаса нижги лъугьарал ругин.
13Нижер хІалбихьизеги биччаге, Квешалдаса[6] цІуне ниж.
14Квешлъи гьабурал гІадамазда нуж тІасалъугьани, Зобалазда вугев нужер Эменги нужеда тІасалъугьина. 15Нуж гІадамазда тІасалъугьинчІони, нужедасан ккараб мунагь-хатІаялда тІасалъугьинаро Зобалазда вугев нужер Эменги.

 

КІал ккураб мехалъул хІакъалъулъ

 

16КІал ккураб мехалъги нуж, дол ххвелал гьаризе бокьулел чагІи гІадин, тату хун рукІунге. Жидеца кІал ккун букІин гІадамазда бихьизе, букІкІинабун гьумергун, рукІуна гьел. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана. 17Мунин абуни, кІал ккураб мехалъ, махІ гьуинаб нахги бетІералда бахун, гьумерги чурун, чІинкьа-кІитІун вукІа. 18ГІадамазда бихьизе гІоло гурелъул дуца кІал ккун бугеб, вихьуларедухъ дуда аскІов вукІунев дурго Инсуе гІололъидал. Балъгого гьабулебги бихьулев дур Инсуца кири хъвала дуе.

 

Инсанги дуниялги

 

19Ицицаги кунеб, кьавуги чІвалеб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулеб гьаб дуниялалъул хазина данде гьабуге нужеца. 20Ицицаги кунареб, кьавуги чІвалареб, къед борлъун вачІун цІогьорасги бикъулареб зобалазул хазина данде гьабе. 21Дур хазина бугеб бакІалда букІине бугелъул дур ракІги. 22Бер – гьеб буго черхалъул чирахъ. Дур берал канал ругони, дур тІолабго черхги канлъила. 23Берал канлъукъал ругони, тІолабго черхги бецІлъила. Дулъ бугеб канлъиги бецІаб бугони, кигІан бецІабха жибго бецІлъи букІинеб!
24Лъиданиги кІоларо кІиго бетІергьанасе лагълъи гьабизе; цояв гьесда рихина, цогидав вокьила; яги цоясе лагълъи гьес ракІбацІцІадго гьабила, цогидасе тІаса-масаго гьабила. Гьедин нужедаги кІвеларо Аллагьасеги дуниялалъул боцІи-рикъзиялъеги лагълъи гьабизе. 25Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге. Квандаса цебесеб гьечІищ рухІ, ратІлидаса цебесеб гьечІищ черхги. 26Зобалазул хІанчІазухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Зобалазда вугев нужер Инсуца хьихьун руго гьел. Гьездаса гІемерго хириял гьечІищ нуж? 27Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе? 28РатІлие гІологи щай нуж хъалхъадулел? ТІугьдузухъ ралагье нуж, кин гьел рижун ругелали. Гьел я хурир хІалтІуларо, гьез я кун дургъуларо. 29Амма дица нужеда абулеб буго: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдаги Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел. 30Ле, божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб бугеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб!
31Гьединлъидал щибдай кваналаян, яги щибдай гьекъелаян, ялъуни щибдай ретІинаян абун хъалхъадуге. 32Гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъаларезги тІалаб гьабулеб жо. Зобалазда вугев нужер Инсуда лъала гьеб кинабго нужее хІажалъулеблъи. 33Нужеца цин тІалаб гьабе нужго Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, гьесул амру тІубазабизе. ХутІараб кинабгойин абуни нужее тІадеги кьела. 34Метерисеб къоялъул ургъел гьабуге. Метерисеб къоялъ жинцаго гьабила жиндирго милат. Щибаб къоялъ нужее гІунги тІокІ букІина гьеб къоялъ гьабизе жо.

 

7 бетІер

 

Чияда гІайиб чІваге

 

1Нужеца чияда гІайиб чІваге, Аллагьас нужедаги гІайиб чІваларо. 2КигІанасеб гІайиб нужеца гІадамасда чІваниги, гьедигІанаб гІайиб Аллагьас нужедаги чІвазе буго. Кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги. 3Дурго бадиб бугеб чІалу бихьичІого, дур вацасул бадиб бугеб сум щай дуда бихьулеб? 4Яги дуда кин кІолеб: «Ворея, вац, дур бадиса сум бахъизе биччай», – ян гьесда абизе, дурго бадиб чІалу букІаго? 5Ле, ххвелал гьарун ругьунав чи, цин дуца дурго бадиса чІалу бахъе, цинги бичІчІила дуда вацасул бадиса сум кин бахъилебали.
6Нужерго хирияб-мукъадасаб жо гьабзазе баге, жавгьар-якъут болъоназда цебе рехуге. Болъоназ гьеб малакь мерхьина, тІаделъун нужги тІутІун рала.

 

Гьари-дугІаялъул хІакъалъулъ цоги нухалъ

 

7Гьаре нужеца – нужее кьечІого толаро; балагье нужеца – батичІого хутІуларо, нужеца нуцІа бухе – гьеб рагьичІого толаро. 8Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула. 9Нужеда гъорлъ вугищ цониги чи, васас чед гьарараб мехалъ, гьесухъе гамачІ кьолев? 10Яги ччугІа гьарани, гьесухъе борохь кьолев? 11Нужго квешал ругониги, нужеца лъималазе лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе лъикІабщинаб жо кигІан цІикІкІундай кьелеб зобалазда вугев нужер Инсуца!

 

Аллагьасул аслияб амру

 

12ГІадамаз нужеего гьабизе бокьулеб жо, нужеца гІадамазеги гьабе. Гьеле гьебин Мусал Къануналдаги аварагзабазул ТІухьдуздаги бугебщиналъул аслу-кьучІ.

 

КІиго нух

 

13ЧІедераб нуцІихъан лъугьа нуж жанире, – гІебал кавабазги гІатІидаб нухалъги гІадамал хвалде рачунелъул. Халкъалъул руккелалги гьенисан унел ругелъул. 14Абадияб гІумруялде гІадамал рачуна чІедераб нуцІицаги къваридаб нухалъги, амма дагьазда батула гьеб.

 

ЦІодорго рукІа!

 

15Гьересиаварагзабаздаса цІуне! Гьел нужехъе рачІуна чахъдал цІокоги тІад ххун. ХІакъикъаталда гьел руго хъантІарал бацІал. 16Гьезул ишазда тІад кинаб пихъ бижулеб бугебали халгьабун, лъала нужеда гьел. Зазил хъархъидаса цІибил бетІарабищ нужеца, тІетІелоялдаса инжирги бетІарабищ? 17ЛъикІаб гъотІоца лъикІаб пихъ кьола, турараб гъотІода бижараб пихъ квешаб букІуна. 18ЛъикІаб гъотІода квешаб пихъ бижизе рес гьечІо, турараб гъотІоца лъикІаб пихъги кьоларо. 19ТІад лъикІаб пихъ бижулареб гъветІ къотІун цІадабе рехула. 20Гьедин, гьезул ишазда тІад кинаб пихъ бижулеб бугебали халгьабун, лъала нужеда гьел гьересиаварагзаби. 21«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» – абун дида кІалъанщинав чи гуро Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе вугев. Гьениве ворчІила зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазабурав чи. 22Доб къоялъ гІемерав чияс абила дида: «БетІерчІахъад! БетІерчІахъад! Дур цІаралдалъун гурищ нижеца Аллагьасул амру халкъалъе загьир гьабураб? Дур цІаралдалъун гурищ шайтІаби рачахъарал? Дур цІаралдалъун гурищ нижеца гІемерал хІикматал ишал гьарурал?» 23Гьебмехалъ дица гьезда лъазабила: «Дида рихьарал чагІицин гуро нуж. ТІагІа дида аскІоса, квешлъиялда хьвадараб уммат!»

 

КІиго кьучІ

 

24Гьединлъидал дир гьал рагІабазухъ гІенеккарав ва гьел тІуразарулевщинав чи релълъуна, тІалде щвезегІан кьучІги бухъун, мина барав цІодорав чиясда. 25ЦІадал рана, иххал щвана, гьурал пуна, – доб минаялде тІаделъана гьел. Амма мина биххичІо, тІалда тІад букІиндал гьелъул кьучІ. 26Амма дир гьел рагІабазухъ гІенекканиги, гьел тІуразаричІевщинав чи релълъуна салуда тІад мина барав ахІмакъав чиясда. 27ЦІадал рана, иххал щвана, гьурал пуна, – доб минаялде тІаделъана гьел. Мина биххана, щущан ана, чІваднал хутІана.
28Гьале ГІисаца жиндирго вагІза лъугІизабуна. Халкъ гІажаиблъун хутІана, гьес вагІза гьабулеб куц бихьун. 29Гьезул диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.

 

8 бетІер

 

ГІисаца вацІцІалъизавула барасалъ унтарав цо чи

 

1МагІардаса гъоркье гІемераб халкъ бачІана ГІисада хадуб. 2Гьале барасалъ унтарав цо чи, гьесда аскІовеги вачІун, накабаздаги чІун, гьардезе лъугьана:
– Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе.
3ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна:
– Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун!
ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи. 4ГІисаца гьесда абуна:
– Вореха, гьаб ишалъул хІакъалъулъ дуца лъиданиги бицунге. Мусал Къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва дудасаго къурбанги хъвезабе.

 

ГІисаца сахлъизавула нусилбетІерасул рагьтІател

 

5ГІиса Капернаумалде щведал, румазул рагъухъабазул цо нусилбетІерас, аскІовеги вачІун, гьарана:
6– Я, БетІерчІахъад! Дир цо рагьтІател вуго палижалъ ккун вагъаризе кІоларого. Кутакаб гІазабалда вуго гьев.
7Гьев сахлъизавизе вачІинин абуна ГІисаца гьесда. 8НусилбетІерас абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Мун къавулъе лъугьине мустахІикъав чи гуро дун. Цо рагІи абе дуца, гьелдалъун сахлъила дир рагьтІател. 9Дунги вуго тІадехун ругезул амру тІубазабулев, дир ихтияралда ругел рагъухъабазе рагІудалъун амру-буюрухъ гьабулев чи. Айилан цоясда абуни, гьев уна. ВачІайилан цогидасда абуни – вачІуна. Пуланаб иш тІубазабейилан абуни, рагьтІателас гьеб тІубазабула.
10Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадур рачІунел рукІараздехун вуссун, гьес абуна:
– Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман. 11Машрикъалдаса ва магърибалдаса гІемерал гІадамал рачІина ва Зобалазул ПарччахІлъиялда Ибрагьимидаги, ИсхІакъидаги, Якъубидаги аскІор квана-гьекъезе гІодор чІела. 12Аллагьас ПарччахІлъиялъе рижун рукІарал гІадамалги гьениса бецІаб къотІноре рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел.
13Дов нусилбетІерасда ГІисаца абуна:
– Гьанже дурго рокъове а. Мун божун вугеб жо лъугьина дуе.
РагьтІател гьебсагІатго сахлъанила.

 

ГІисаца Пётрил якьад сахлъизаюла

 

14Цинги Пётрил бакІалде щведал, гьесул якьад цІа-кан бахун бусада егун ятана ГІисада. 15ГІисаца гьелъул квер ккуна. ЦІа-канги ун, якьад тІаде яхъана ва гьесие квен-тІехалда квалквадизе лъугьана.
16МаркІачІубер рукІкІарабго, ГІисахъе рачун рачІана жундуз ккурал гІемерал гІадамал. Амру гьабун рачахъана гьес жундул. Киналго унтаралги сахлъизаруна. 17Гьеб гьедин ккана Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Гьесин росун арал нижер гІузраби, нижер унтабиги раччун ана гьес».

 

«Дида цадахъ вилълъа»

 

18Жиндаго сверухъ халкъалъул руккел бихьидал, ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколин нилъилан. 19АскІове вачІун цо динияв гІалимчияс абуна гьесда:
– Я, НасихІатчи, мун киве аниги, дуда цадахъ вилълъина дунги.
20ГІисаца гьесда абула:
– Царал жиндирго рукІун буго, хІанчІил бусен буго, амма ГІадамил Лъимадул бетІер бегьизе бакІ гьечІо.
21Цоги муридас абуна гьесда:
– Я, БетІерчІахъад! Дир хварав эмен вукъизе ине изну кье дие.
22ГІисаца гьесда абуна:
– Хвараца рукъизе хварал чагІиги тун, мун дида цадахъ вилълъа, – ян.

 

ГІисаца гьури къотІизабула

 

23ГІиса росода рекІараб мехалъ, муридалги ана гьесда цадахъ. 24Гьале кутакаб гьури бахъана, ралъад гьалаглъана, карачалабаз раса тІерхьинабизехъин букІана. Гьебмехалъ ГІиса кьижун вукІана.
25– Я, БетІерчІахъад! Нилъ гъанкъизехъин руго! Хвасар гьаре! – янги абун, муридаз ворчІизавуна гьев.
26ГІисаца гьезда абуна:
– Я, иман дагьаб уммат! Щай нуж хІинкъулел?
ТІадеги вахъун амру гьабун гьес гьури къотІизабуна. Ралъад гІодобе буссана. ТІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана. 27Гьуриги ралъадги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан гІажаиблъун хутІана гІадамал.

 

ГІисаца сахлъизавула жундуз ккурав кІиго чи

 

28Ралъад бахун добехун бугеб гадареназул ракьалде щведал, ГІисада ватана жундуз ккурав кІиго чи, хабалазул нохъаздаса[7] къватІиве вачІунев. Гьеб рахъалдасан ине лъиданиги кІолареб хІалалда гІасилъун рукІана гьел. 29Гьале гьел ГІисаде ахІдезе лъугьана:
– Ле, Аллагьасул Вас, нижедасан щиб дуе къваригІараб? Заман щвелалдего нижее гІакъуба-гІазаб кьезейищ мун вачІун вугев? – абун.
30Болъоназул кІудияб рехьедги бугоан доба рикІкІадегІан кваналеб. 31КІиявго чиясулъ ругел жундуз ГІисада гьарана:
– Дуца ниж рачахъулел ругел ратани, гьадаб болъоназул рохьдолъе ритІе, – ян.
32Айилан абуна ГІисаца гьезда. Гьедин ун болъоназулъе лъугьана гьел жундул. Гьале тІолабго рехьед цо борхатаб бакІалдасан ралъдалъе кІанцІун, лъадалъ гъанкъана. 33Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана. Шагьаралдеги рачІун, жундуз ккурав дов кІиявго чиги рехсон, гІадамазда бицана гьеб кинабго. 34Гьебмехалъ шагьаралъул тІолабго халкъ ГІисада аскІобе бачІана. Гьев вихьаравго, жидер ракьалдаса нахъе айилан гьарана гьез.

 

9 бетІер

 

ГІисаца сахлъизавула палижалъ ккурав чи

 

1Добго росодаги рекІун, ралъадги бахун, ГІиса жиндирго шагьар Капернаумалде тІадвуссана. 2Гьале туртида лъун гьесухъе восун вачІана палижалъ ккурав чи. Гьезул божи бихьун, ГІисаца унтарасда абуна:
– ХІинкъуге, дир вас, мунагьаздаса вацІцІалъилин мун!
3Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз пикру гьабуна, Аллагьасде гІасилъун вугин гьавилан. 4Гьезул пикруги бичІчІун, ГІисаца абуна:
– Щай нужеца квешаб пикру нужерго рекІелъе биччалеб? 5Кинаб бигьаяб: «Мун мунагьаздаса вацІцІалъанилан» абизейищ, яги: «ТІаде вахъун вилълъанхъейилан» абизейищ? 6Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе.
Цинги гьес унтарасда абуна:
– ТІаде вахъа. Дурго турутги босун, рокъове а, – ян.
7ТІадеги вахъун, жиндирго рокъове ана гьев чи. 8Гьеб бихьидал, халкъалъул руккел кутакалда хІинкъула, инсанасе гьединаб ихтияр кьурав Аллагьасе рецц гьабизе лъугьуна.

 

ГІисаца Матфей муридлъун восула

 

9Гьениса нахъе унаго, ГІисада нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьана Матфей абулев цо гьеб ишалъе тІамурав чи. ГІисаца гьесда абуна:
– Дида цадахъ вилълъа, – ян. Вахъун ГІисада цадахъ уна гьев.
10Гьале гьесул рокъов кваналев вукІана ГІиса. РачІун гьесда ва гьесул муридазда цадахъ гІодор чІун рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІи ва цогидабги мунагь-хІакъалъул агьлу. 11Гьеб бихьидал, фарисеяз ГІисал муридазда абуна:
– Магъало бакІарулел чагІаздаги ва цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодовги чІун щай гьав нужер мугІалим кваналев?
12Гьеб рагІидал, ГІисаца гьезда абуна:
– Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин. 13Гьанже нуж ун лъикІ, Аллагьасул гьадинал рагІабазул магІна лъазабизе: «Нужер къурбанал рокьун гьечІо дие, нужедаго гьоркьоб гурхІел-рахІму бокьун буго». Аллагьасде руссине муъминзаби ахІизе гуро дун вачІун вугев, мунапикъзаби ахІизейин.

 

КІал кквеялъул хІакъалъулъ

 

14ЯхІял муридал рачІана ГІисада аскІоре:
– Нижецаги фарисеязги кІал ккола, гьал дур муридаз кІал щай кколареб? – ан гьикъана гьез.
15ГІисаца гьезда абуна:
– БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзаби къваридго-пашманго рукІине бегьилищ? РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги.
16ЦІияб ххамил рукъи басрияб ратІлида баларо лъицаниги, – цІияб букъун хадуб, басриябги бихъун ина, каратІги дагьабги кІодолъила. 17Гьединго басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги тІоларо. Гьелъ рахълъен багьизабила, чагъирги гІодобе чвахила, рахълъенги хвела. ЦІияб чагъир цІияб рахълъеналъубе тІуни, цонигиялъе зарал ккеларо.

 

ГІисаца унтарайги сахлъизаюла хварайги чІаголъизаюла

 

18Гьедин гьезие хабар бицунев ГІиса вукІаго, аскІовеги вачІун, цо хІакимас накалда чІун гьарана гьесда:
– ГьабсагІат хвана дир яс. ВачІун дуца цо квер хъвани, чІаголъила гьей.
19Вахъун гьесда цадахъ ана ГІиса, муридалги рахъана гьесда хадур.
20АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай цо чІужугІаданалъ къотІносан унев вукІарав ГІисал гІабаялдасан далун букІараб цо гІертелалда нахъасан ячІун квер хъвана. 21ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда. 22Нахъехун вуссиндал гьей йихьарав ГІисаца абуна:
– ХІинкъуге, дир яс, дурго божи-иманалъ хвасар гьаюнин мун.
ГьебсагІатго сахлъана гьей гІадан.
23Дов хІакимасул бакІалде гьал щведал, щвантІих пулел чагІи рачІун ратана гьенире. Руччабиги ругоан магІаби гьарулел[8]. 24ГІисаца гьезда абуна:
– Нуж нахъе а. Гьей яс хун гьечІо, кьижун ккун йиго, – ян.
Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана.
25ГІадамал къватІире ритІидал, гьей ясалда аскІовеги ун, ГІисаца гьелъул квер ккуна, – яс тІаде яхъун ячІана. 26Гьеб лъугьа-бахъиналъул хабар тІибитІана гьеб рахъалъул кинабго халкъалда гьоркьоб.

 

ГІисаца гІемерал чагІи сахлъизарула

 

27ГІиса гьениса тІадвуссун унаго, кІиго бецав чи вачІунев вукІана хаду-хадув.
– Я, Давудил Вас[9] ГІиса! ГурхІа мун нижеда! – ян ахІулеб букІана гьез.
28Рокъове щведал, кІиявго бецав чи вачІана гьесда аскІове. ГІисаца гьезда гьикъана:
– Нужеца гьарараб жо дида гьабизе кІвеялда божулищ нуж? – ан.
– Божула, БетІерчІахъад, – абун жаваб кьуна гьез.
29– Нуж божараб жо лъугьаги нужее, – янги абун, гьезул беразда квер хъвана ГІисаца.
30Канлъи бихьун, берал рагьун рачІана гьезул. Воре, лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда. 31Амма гьеб рахъалъул тІолабго халкъалда гьоркьоб тІибитІизабуна гьез ГІисал хІакъалъулъ хабар.
32Гьел къватІире индал, ГІисахъе вачун вачІана жундуз ккурав мацІ лъаларев чи. 33ГІисаца жен бачахъидал, гаргадизе кІвана гьесда. Исраилил халкъалда гьоркьоб гьединаб лъугьа-бахъин киданиги ккун букІинчІилан гІажаиблъун хутІана гІадамал. 34Фарисеязни абулеб букІана жундул рачахъизе гьесие жундузул ханас кумек гьабулеб бугилан.
35ГІиса шагьаразде ва росабалъе хьвадулев вукІана. Гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унтиялдаса, кинабго щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан. 36Халкъалъул руккел бихьун, гьев гурхІана, чара хун ва бакъхІан, вехь гьечІеб гІи гІадин, гьел рукІиндал. 37Гьебмехалъ жиндирго муридазда абуна гьес:
– Хуриб хІалухъен гІемер бижун буго, хІалтІухъаби дагь руго. 38Гьеб лъилъизе кверщел кодоб бугев БетІергьанасда гьаре лъилъарухъаби ритІеян.

 

10 бетІер

 

ГІисаца халкъалъухъе чапарзаби ритІула

 

1АнцІила кІиго муридги ахІун, ГІисаца гьезие ихтияр кьуна жундул рачахъизе ва кинабго унти, кинабго щокълъи гІадамазда тІаса инабизе. 2Гьале гьев анцІила кІиявго чапарасул цІарал: Пётр абун ГІисаца тІокІцІар кьурав Симон ва гьесул вац Андрей, Зебедайил Якъуб ва гьесул вац Иоанн, 3Филипп ва Бартоломей, Фома ва магъало бакІарулев чи Матфей, Алфейил Якъуб ва Фаддей, 4Симон Кананит ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот[10]. 5Гьев анцІила кІиявго чапар витІана ГІисаца, гьадинаб насихІатги гьабун:
– Гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулел гІадамазухъе унеб нухдеги лъугьунге нуж, самариязул шагьараздеги хІетІе чІоге. 6Нуж а нух къосун хутІарал чахъаби гІадин бугеб Исраилил халкъалъухъе. 7Инеги ун лъазабе Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугилан. 8Унтарал сахлъизаре, хварал чІаголъизаре, барасалъ черх бацарал рацІцІалъизаре, жундул рачахъе; нужееги чІобого щвана, нужецаги чІобого кье. 9Я месед, я гІарац, я пахьул шагьаби цадахъ росуге; 10таргьа-къвачІаги босуге, хисизе ретІелги босуге, хьиталги росуге, гІунтІизе гІунсбиги росуге. ХІалтІухъанасе квен хІалалаб бугелъул. 11Пуланаб шагьаралде яги росулъе щведал, нужго тІад рещтІине мустахІикъав чи валагье ва нахъе инегІан гьесухъ гьоболлъухъ чІа. 12Рокъоре жанире лъугьунаго саламги кье. 13Саламалъе мустахІикъаб рукъ гьеб бугони, биччанте салам гьезде щвезе, гьечІони – гьеб нужедего буссине биччанте. 14Ваамма нуж къабулги гьаричІони, нужер рагІабазухъ гІинги тІамичІони, гьеб рокъоса яги шагьаралдаса къватІире рахъунаго нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те. 15ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: къиямасеб къоялъ Содомалъул ва Гоморраялъул халкъ гІемерго лъикІ букІина гьеб шагьаралъул халкъалдаса.
16БацІазда гъорлъе чахъаби гІадин ритІулел руго дица нуж. Борхьал гІадин цІодорго рукІа, маккал гІадин хІеренго рукІа. 17ГІадамаздаса цІуне. Гьез нуж тІадегІанаб судалде ахІила, жидерго синагогабазда жанир цІалаца рухила. 18Дун сабаблъун нуж наибзабазухъе ва парччахІзабазухъе рачина, гьезда цебеги цогидал халкъазда цебеги дир муридал рукІиналъе нугІлъи гьабизе. 19Судалде ахІидал щибдай бицинаян ургъел ккоге нужеда. ГьебсагІат нужерго рекІелъе бачІараб жо абе. 20Щайгурелъул, нуж гуро гьебмехалъ кІалъазе ругел, нужер рекІелъе нужер Инсудасан рещтІараб РухІин кІалъазе бугеб. 21Вацас вац кьезе вуго чІвазе, инсуца вас кьезе вуго; жидерго эбел-инсуда данде рахъун лъималаз гьелги кьезе руго чІвазе. 22Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила. 23Цо шагьаралда нужее гІазаб-гІакъуба кьуни, цоги шагьаралде лъуте. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимер къудратгун вачІинегІан ГІизраилалъул киналго шагьаразде щвезе бажариларо нужехъа.
24Жиндирго мугІалимасдаса тІадегІанав вукІунаро мутагІил, лагъги вукІунаро жиндирго бетІергьанасдаса тІадегІанав. 25Жиндирго мугІалимасда ващалъани, гІола мутагІиласе, жиндирго бетІергьанасда ващалъани, гІола лагъасеги. Рукъалъул бетІергьанасда жундузул ханилан цІар лъун бугони, гьесул рукъалъул агьлуялда кигІан квешаб цІардай лъела. 26Гьедин бугониги, гьезукьа хІинкъуге нуж! Щайгурелъул кинабго балъгоябщинабги загьирлъулелъул, бахчун тарабги тІатунелъул. 27Гьаб сардил бецІлъукье дица нужеда бицунеб бугеб рагІи бакъул канлъухъе бице нужеца; нужер гІинзукье дица щурулеб бугебабги тІохаздеги рахун лъазабе нужеца. 28Нужер черх чІвазе кІолезукьа хІинкъуге нуж, – рухІ чІвазе кІоларелъул гьезда. Нуж хІинкъа нужер рухІги черхги жужахІалъубе рехизе кІолев Аллагьасукьа. 29Цо пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб кІиго къадако. Амма нужер Инсул хІукму гьечІони, гьезул цонигияб хун ракьалде бортун бачІунаро. 30Нужер хІакъалъулъ абуни, бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел. 31Гьединлъидал нуж хІинкъуге: киналго къудкуздаса хириял руго нуж. 32ГІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул дицаги зобалазда вугев дир Инсуда цебе рахъ кквезе бугебха. 33ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса зобалазда вугев дир Инсуда цебе дицаги инкар гьабила.
34Нужеда ракІалде ккоге дун ракьалде рекъелги босун вачІун вугевилан. Рекъелги босун гурев, хвалченги босун вачІун вуго дун. 35Дун вачІун вуго васасдаги инсудаги гьоркьоб, ясалдаги эбелалдаги гьоркьоб, нусалдаги якьадалдаги гьоркьоб рикьи ккезабизе. 36Инсанасул тушман ккола гьесул рукъалъул агьлу. 37Дидаса цІикІкІун жиндирго эбел-эмен рокьулев чи ярагьунаро дие. Дидаса цІикІкІун жиндирго лъимал рокьулев чиги ярагьунаро дие. 38Живго тІад вазе хъанчги баччун, дида цадахъ вилълъунарев чиги ярагьунаро дие. 39Жиндирго гІумру цІунун чІарав чи гьелдаса махІрумлъила; дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъарас гьеб хвасар гьабила. 40Нуж къабул гьарурав чи ккола дунги къабул гьавурав чилъун, дун къабул гьавуравги ккола дун витІарав Аллагь къабул гьавурав чилъун. 41Гьев авараг вугилан абун, авараг къабул гьавурав чиясе аварагасе гІадинаб кири щвела. Гьев муъминчи вугилан абун, муъминчи къабул гьавурав чиясе муъминчиясе гІадинаб кири щвела. 42Дир мурид вугилан абун, цо пуланав, пакъирав чиясе гел цІун цІорораб лъим кьуравги, хІакълъун абулеб буго дица нужеда, кириялдаса махІрумлъиларо.

 

11 бетІер

 

ЯхІя аварагас ГІисахъе муридзаби ритІун рачІуна

 

1АнцІила кІиявго муридасе насихІат гьабун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьеб рахъалъул шагьаразде ана халкъалда дарс малъизеги вагІза гьабизеги. 2Туснахъалда вукІарав ЯхІяда рагІана МасихІил ишазул хІакъалъулъ.
3– Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел? – абун гьикъизе жиндирго муридзаби ритІана гьес ГІисахъе.
4ГІисаца гьезие жаваб кьуна:
– Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІулеб бугебги бихьулеб бугебги: 5бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин. 6Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе.
7Гьел нахъе араб мехалъ ГІисаца гІадамазда бицана ЯхІял хІакъалъулъ:
– Щиб бихьизе нуж добмехалъ гІицІаб авлахъалде ун рукІарал? Гьороца хьвагІезабулеб муцІи бихьизейищ? 8Щив вихьизе ун рукІарал? Беричаб ратІлилъ вугев чи вихьизейищ? ЧІухІараб ретІел ретІарал гІадамал дора парччахІзабазул кІалгІабазухъ руго. 9Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда! 10Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев». 11ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: эбелалъ чехь къинлъун гьаруразда гьоркьов ЯхІя авараг бищунго кІудияв вуго. Амма Зобалазул ПарччахІлъиялда ругезул бищунго гьитІинавгицин гьесдаса кІудияв вуго. 12Жидерго мурадалде щвезе хІалица нух бахъулезе ЯхІя аварагасул заманаялдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегІанги бокьун буго Зобалазул ПарччахІлъи кверде босизе. 13ЯхІя авараг вахъинегІан халкъалъе нухлъун рукІана Мусал Къанунги аварагзабазул вагІзабиги. 14Гьез бицунелда нуж божулел ругони, ЯхІя вуго кІиабизе тІадвуссун вачІине кколев вукІарав Иляс авараг. 15ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! 16Лъида релълъарал ругилан абилеб дица гьаб заманаялъул гІадамал?
17Нижеца зурма пуна –
Нуж кьурдизе рахъинчІо,
МагІил бакънал рачана –
Нуж гІодизе лъугьинчІо,
– ян къотІноре рахъун жидерго гьалмагъзабазде ахІдолел лъималазда релълъуна гьел. 18ВитІун вачІана я кваналарев, я гьекъоларев ЯхІя авараг. ШайтІабаз ккурав чи вугилан абуна гьез гьесде. 19ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Гьез абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», – абун. Амма Аллагьасул ГІакъиллъи жиндирго ишаздалъун ритІухълъана.

 

Балагьги гІазабги Аллагьасде руссинчІел шагьаразе

 

20КигІан гІемерал мугІжизатал жиндица рихьизаруниги, кантІун Аллагьасде руссинчІел шагьаразул гІадамазда гІайиб чІвазе лъугьана ГІиса:
21– Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Тиралъулгун Сидоналъул[11] гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, церего руссинаан гьел Аллагьасде[12]. 22Дица нужеда абулеб буго: Тиралъулги Сидоналъулги халкъалъе къиямасеб къоялъ нужееялдаса бигьа букІине бугебха! 23Дудаги, Капернаум, зобалазде бахине гьабилинищ ракІалде кколеб бугеб? ЖужахІалъул кІкІалахъе рехила мун! Дуда рихьарал гІадинал мугІжизатал Содомалда рихьун рукІаралани, жакъаги букІинаан гьеб шагьар. 24Амма, дица абулеб буго, Содомалъул халкъалъе къиямасеб къоялъ дур халкъалъеялдаса бигьа букІине бугебха!

 

«Дуе рецц буго, дир Эмен!»

 

25Гьебмехалъ ГІисаца абуна:
– Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ. 26Уха, дир Эмен, гьелъулълъидалха бугеб дур цІобалъул гІатІилъи!
27Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо жиндирго Вас. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен.
28ХІалтІул захІмалъи баччаралги гьир бакІлъаралги, дихъе рачІа нуж, дица хІалхьи кьела нужее. 29Дие гІоло горбода рукь лъезе рачІа, дидаса мисал босе: дун вуго хІеренаб ва хІалимаб ракІалъул чи. Гьебмехалъ нужер рекІееги хІалхьи бачІина. 30Нужер горбода дица лъолеб рукьги бигьаяб бугелъул, нужер мугъзада дица лъолеб гьирги тІадагьаб бугелъул!

 

12 бетІер

 

Шамат къоялъул хІакъалъулъ

 

1Гьеб заманаялда, пуланаб шамат къоялъ, цо хурзабахъан унев вукІана ГІиса. Гьесул муридал ракъун рукІана. РетІун тІоралгун, ролъул мугьал квине лъугьана гьел. 2Гьеб бихьарал фарисеяз ГІисада абуна:
– Балагье, Мусал къануналъ шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш гьабулеб буго дур муридаз.
3ГІисаца гьезда абуна:
– Унго, цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали? 4Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, Давудица кванана гІицІго кашишзабаз гурони, я гьес, я гьесда цадахъ рукІараз кваназе гьукъараб чед. 5Яги Къануналда цІаличІебищ нужеца, шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш кашишзабаз шамат къоялъ Мукъадасаб Рокъоб гьабуниги, гьезие хІакъ букІунарилан? 6Дица нужеда абулеб буго: гьале гьаниб бугебаб гІемерго тІадегІанаб буго гьеб Мукъадасаб Рукъалдаса. 7«Нужер къурбанал рокьун гьечІо дие, нужедаго гьоркьоб гурхІел-рахІму бокьун буго», – ян абурал рагІабазул магІна бичІчІулебани, гІайибго гьечІезда гІайиб чІвалароан нужеца. 8Шамат къоялъул ихтияр ГІадамил Лъимадухъ буго.

 

ГІисаца сахлъизавула цо квер бакъварав чи

 

9Гьениса вахъун ун гьезул синагогаялъуве лъугьана ГІиса. 10Гьенив вукІана цояб квер бакъварав чиги. ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун, гьесда гьикъана шамат къоялъ гІадамал сахлъизаризе къануналъ изну кьолебищилан.
11ГІисаца гьезда абуна:
– Жиндирго цохІо бугеб чахъу шамат къоялъ гъваридаб гвандинибе бортани, квер бегьун къватІибе бахъиларищ гьелъул бетІергьанас гьеб? 12Чахъдадаса чи кигІан хириявха вугев! Гьединлъидал къануналъ изну кьола шамат къоялъги чиясе лъикІлъи гьабизе.
13Квер бакъварав чиясда ГІисаца абула квер гІебеде битІейилан. Гьес квер гІебеде битІула, ва гьебсагІат гьеб сахлъун, добцояб квер гІадин, лъугьуна. 14КъватІире рахъун фарисеял данделъула ГІиса тІагІинавизе тадбиралъе ургъизе. Гьебги лъан, ГІиса гьениса нахъе уна.

 

ГІисахъе гІемераб халкъ бакІарула

 

15Гьесда хадуб гІемераб халкъ бачІуна. Киналго унтарал гьес сахлъизарула. 16Жиндир хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейиланги лъазабулаан. 17Гьеб гьедин ккана, Ишая аварагасда Аллагьас абурал гьадинал рагІаби ритІухълъизе: 18«Гьале гьав вуго дица тІаса вищарав дир рагьтІател. Гьав дие вокьула, дир ракІги бохун буго гьасдаса. Дица гьасулъ дирго РухІ лъолеб буго. Дир амру лъазабила гьас халкъазда. 19Гьав дагІбадизе лъугьинаро, ахІдезе лъугьинаро, къватІахъ лъиданиги гьасул гьаракьги рагІиларо. 20Бекараб муцІидул чІорцин тІун рехиларо, гІодобе кьурараб чирахъул билтаялда хутІараб загІипаб цІагицин свинабиларо. Гьедин букІина ритІухълъиялъул къо гьас дуниялалде рещтІинабизегІан. 21Гьасул цІаралда базабила халкъаз жидерго анищги хьулги».

 

Илагьияб рухІги жундузул ханги

 

22Гьебмехалъ ГІисахъе вачун вачІана жундуз ккурав цо чи. Бецлъунги вукІана гьев, мацІги лъалеб букІинчІо. ГІисаца сахлъизавун, гьесда кІалъазеги кІвана, беразда канлъиги бихьана. 23Гьелда гІажаиблъун-хІикмалъун тІолабго халкъалъ абулеб букІана:
– Давудил Вас МасихІцин гурищ гьав? – абун.
24Амма гьеб рагІидал, фарисеяз абуна:
– Жундузул хан Беэлзебулил кумекалдалъун гурони, тІокІаб сундалъунниги гуро гьав чияс жундул рачахъулел ругел.
25Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна:
– Цо пуланаб ханлъиялда жаниб кьал ккани, гьеб ханлъи биххула. Цо пуланаб шагьаралда яги хъизаналда жаниб кьал ккани, гьелги риххичІого хутІуларо. 26Илбисалъ жибго илбис бачахъулеб бугони, жиндаго жаниб кьал букІине ккола гьелъул. БиххичІого хутІилищ гьебмехалъ гьелъул ханлъи? 27Дица жундул Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулел ратани, нужер умматалъул гІадамаз лъил кумекалдалъунха гьел рачахъулел? Гьеле гьел гІадамаз нуж мекъи рукІин чІезабила гури. 28Амма дица жундул Аллагьасул РухІалъул къуваталдалъун рачахъулел ругелъул, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде гІагарлъун букІин бичІчІула гьелдасан. 29Цо къуватав чиясул рокъове лъугьун, гьесул боцІи-рикъзи бикъизе лъида кІвелеб, цин гьев вухь-вухьун рехун хадуб гурони. Гьебмехалъ кІвела гьесул рукъ бикъизе.
30Дунгун цадахъ гьечІев чи, гьев вуго дида дандечІарав чи. Дида цадахъ хІалухъен бакІаруларес гьеб рахъ-рахъалде щущазабила. 31Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: киналниги мунагьалги ва иманалда лъурал бугьтаналги тІасалъугьун тезе руго БетІергьанас. Амма Илагьияб РухІалда лъураб бугьтаналда тІасалъугьине гьечІо. 32ГІадамил Лъимада дандечІун рагІи абурав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда дандечІун рагІи абурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо. 33Пихъ лъикІаб бугин абулес гъветІги лъикІаб бугин абе, яги гъветІ турараб бугин абулес пихъги турараб бугин абе. Пихъихъ балагьунин гъветІ лъалеб. 34ГІай нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужго квешалги рукІун, лъикІал рагІаби кІалалъ абизе кин нужеда кІолеб? РакІалда бугеб гурони кІалалъ бицунарелъул. 35ЛъикІав чияс лъикІаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе лъикІлъи бахъула, квешав чиясин абуни квешаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе квешлъи бахъула. 36Гьале дица нужеда абулеб буго: къиямасеб къоялъ инсанас жаваб кьезе буго лъикІлъиялъе гурони жиндир кІалдиса къватІибе бачІараб щибаб рагІиялъул. 37Щайгурелъул, Аллагьас мун витІаравлъунги рикІкІина дур рагІабазухъ балагьун, дуе тамихІги гьабила дур рагІабазухъ балагьун.

 

Юнус аварагасул гІаламаталъул хІакъалъулъ

 

38Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз ва фарисеяз ГІисада абуна:
– Я, МугІалим! Дуца цо гІаламат бихьизабизе бокьилаан нижее.
39ГІисаца гьезие жавабалъе абуна:
– Квешлъиги хъахІбалъиги гІемерлъараб умматалъин гІаламат тІалаб гьабулеб. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьаб умматалъе букІине гьечІо. 40Юнус аварагас ччугІил чохьониб бана лъабго къоги лъабго сордоги, гьелда релълъун ГІадамил Лъимацаги ракьул чохьониб базе буго лъабго къоги лъабго сордоги[13]. 41Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса. 42Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса.

 

Жен жиндирго рокъобе тІадбуссуна

 

43Инсанасул чорхолъа бачахъараб хъубаб жен ракъдалал авлахъазда терелеб-женжедулеб букІуна, жиндиего рахІат-хІалхьи балагьулаго. 44Амма рахІат-хІалхьи батуларо женалда. Гьелъ абула: «РачІа, дун цебе дунго букІараб рокъобе тІадбуссина», – ян. ТІадбуссун щведал, гьелда рукъ батула лъухьун, къачІан, чІобого. 45Женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна жиндаго цадахъ гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола. Гьедин ккезе буго гьаб квешаб умматалъеги.

 

ГІисахъе рачІуна гьесул эбелги вацалги

 

46Халкъалдехун кІалъалев ГІиса вугев мехалъ, гьесда кІалъазе бокьун, къватІир чІун рукІана гьесул эбелги вацалги. 47Доле дур эбелги вацалги, дуда кІалъазе бокьун, дора къватІир чІун ругилан абуна гьесда цояс. 48Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна:
– Дир эбел щий кколей? Дир вацал щал кколел?
49Квер битІун жиндирго муридалги рихьизарун, гьес абуна:
– Гьале дир эбелги дир вацалги. 50Щайгурелъул, Зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазе гьабулев чи щив вукІаниги, гьев ккола дие вацги, яцги, эбелги.

 

13 бетІер

 

Аллагьасул ПарччахІлъиялъул мисалал

 

Хуриб хьон хьалев чи

 

1Гьебго къоялъ рокъоса къватІиве вахъун ралъдал рагІалде ун гІодов чІун вукІана ГІиса. 2ГІадамазул кІудияб руккел бакІарун букІана гьенибе. Гьединлъидал гьев росоде вахине ккана, тІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда чІун букІана. БатІи-батІиял мисалалги рачун, гІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца:
3– Хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. 4Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел. 5Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила. 6Амма бакъ тІад речІчІарабго речІан анила гьел ва, гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила. 7Цогиги мугьал заз-хъарахъалде гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила. 8Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьезул цоязда лъугьанила нусго мугь бугеб тІор, цогидазда – лъабкъого мугь бугеб тІор, цогидазда – лъеберго мугь бугеб тІор. 9ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!
10ГІисада аскІоре рачІун муридаз гьикъана щай мун дозда мисал бачун кІалъалевилан. 11Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна:
– Нуж руго Зобалазул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма гьезие гьеб рес щвечІо. 12Кодолъи бугесе гІунги тІокІлъиледухъ тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. 13Мисалал рачун бицуна дица гьезие, ралагьун ругониги гьезда бихьуларелъул, гІенеккун ругониги гьезда я рагІуларелъул, я бичІчІуларелъул. 14Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. 15Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизеги». 16Гьардарал гурищха нужер берал, гьезда бихьулеб бугелъул. Гьардарал гурищха нужер гІундул, гьезда рагІулеб бугелъул. 17ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІемерал аварагзабазеги вализабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо. 18Гьанже гІенекке, хуриб хьон хьалев вукІарав чиясул хІакъалъулъ дица бачараб мисалалъул магІна бицинин нужеего. 19Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицаралъухъ гІенекканиги, гьеб бичІчІичІев чиясул рекІелъе лъугьарал рагІаби бачІун илбисалъ рикъун ина. Гьеб ккола нухде рортарал мугьазул магІна. 20Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал – гьел ккола Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабурал гІадамал. 21Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо. 22Заз-хъарахъалде гъорлъе рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулелал. Амма гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъизе бугеб гъираялъ гъоркькъинарула гьел мугьал, гьезда тІорги баларо. 23ЛъикІаб ракьалде рортарал мугьал – гьел руго гьеб рагІи рагІулелал ва бичІчІулелал. Гьезул тІоразда бижила цоязда нусго нухалъ, цогидазда лъабкъого нухалъ ва цогидазда лъеберго нухалъ цІикІкІун мугь.

 

Ракьулъе рехараб хьодул мугьалъул хІакъалъулъ

 

24Мисал бачун цоги хабар бицана ГІисаца гьезие:
– Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хуриб лъикІаб хьон хьарав цо пуланав чиясда. 25Амма гІадамал кьижараб мехалъ вачІун тушманас гьесул ролъул хурибе чІахІил хьон хьан буго ва нахъе ун вуго. 26Ролъ тІаде баккун, тІор балеб мехалъ, хуриб чІахІги загьирлъун буго. 27РачІун хурул бетІергьанасда абун буго гьесул рагьтІателаз:
– Я, бетІерчІахъад, лъикІаб хьон гурищ дуца хуриб хьан букІараб? ЧІахІица бацун буго гури доб.
28Тушманас гьабун батилин гьеб ишилан абун буго хурул бетІергьанас. 29Доб чІахІ бахъизе инищилан абун буго лагъзадерица. 30Унгейилан абун буго гьас. ЧІахІ бахъулаго цадахъ ролъги бахъизе гурин нужеца. Хур лъилъизе заман щвараб мехалъ, дица лъилъарухъабазда абила батІаго лъилъун, бухІизе чІахІил гулал къайилан, ролъги дир цагърахъе байилан.

 

Горчицаялъул мугьалъул хІакъалъулъ

 

31Мисал бачун, цоги хабар бицана ГІисаца гьезие:
– Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хурибе цо пуланав чияс хьараб горчицаялъул хьодул мугьалда. 32Гьеб буго киналго хурдузул хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь. Амма гьелдасан лъугьуна хъархъаздасаги кІудияб гъветІ. Роржун рачІун хІанчІаз бусаби гьарула гьеб гъотІол гІаркьалабазда.

 

Реччеялъул хІакъалъулъ

 

33Цогиги мисал бачана ГІисаца гьезие:
– Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна цо пуланай чІужугІаданалъ ханждал лъабго къалиялда гъорлъе рехараб ва тІубанго гьеб беччизабураб реччеялда.
34ГІисаца гьеб кинабго мисал бачун бицана халкъалъе, мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гьесул. 35Цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухъ гьабулеб букІана гьелъ:
«Дунял бижаралдаса балъго хутІарал ишал,
Харбилъ мисалал рачун, рицина дица нужей».

 

Ракьулъе рехараб хьодул мугьалъул мисал бичІчІизабула

 

36Цинги, гІадамалги нахъе ритІун, рокъове щвана ГІиса. АскІоре рачІун гьесул муридаз гьарана ГІисада доб хуриб бижараб чІахІил мисалалъул магІна бицеян. 37Гьес бицана:
– Хуриб лъикІаб хьон хьалев чи ккола ГІадамил Лъимер. 38Хур ккола дуниял. ЛъикІаб хьон ккола ПарччахІлъиялъул агьлу. ЧІахІ ккола илбисалъул агьлу. 39ЧІахІил хьон хуриб хьарав тушман ккола илбис. Лъилъаризе заман щвараб мех ккола ахир къиямасеб къо. Лъилъарухъаби ккола малаикзаби. 40Хуриса чІахІ бецун цІадабе балеб гІадин букІина къиямасеб къоялъги. 41ГІадамил Лъимаца жиндирго малаикзаби ритІила, ва гьез гьесул ПарччахІлъиялдаса чІарала жидеца гІадамал мунагьалъукье ккезаруралги квешлъи гьабуралалги – киналго. 42Цинги гьел цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир. 43РитІун ккаралал гьебмехалъ рукІина жидерго Инсул ПарччахІлъиялда бакъ гІадин кенчІелел. РагІизе гІундул ругезда гьеб рагІила!

 

Бахчараб хазинаялъул хІакъалъулъ

 

44Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна цо пуланав чиясда чияр хуриб батараб хазинаялда. Гьесги гьенибго бахчун тун буго гьеб. Гьелдаса вохиялъ, инеги ун, кинабго жиндирго боцІи-рикъзиги бичун, гьеб хур босун буго гьес.

 

Жавгьаралъул хІакъалъулъ

 

45Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна бищунго берцинаб жавгьар балагьулев вукІарав цо базарганасда. 46Батун буго гьесда бищунго къиматаб жавгьар. Инеги ун, кинабго жиндирго букІанщинаб боцІи-рикъзиги бичун, босун буго базарганас гьеб жавгьар.

 

ЧчугІа кколеб гьиналъул хІакъалъулъ

 

47Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна ччугІа кквезе ралъдалъе рехараб гьиналда. Гьиналъ гІемераб батІи-батІияб ччугІа ккун букІун буго. 48ЦІураб мехалъ ччугІихъабаз гьин рагІалде цІан буго. ГІодорги чІун, лъикІаб ччугІа батІа гьабун гьез гьагьинибе бан буго, квешаб нахъе бан буго. 49Гьедин букІине буго къиямасеб къоялъги. РачІун малаикзабаз лъикІалги квешалги гІадамал ратІа гьаризе руго. 50Цинги квешал цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир.
51БичІчІулеб бугищ нужеда? – ян гьикъана гьезда ГІисаца.
Бугилан абуна гьез.
52Цинги гьес абуна:
– Гьединлъидал Зобалазул ПарччахІлъиялда муридлъун лъугьанщинав динияв гІалимчи релълъуна жиндирго гъансиниса цІиябги басриябги хазина цадахъ къватІибе бахъулев рукъалъул бетІергьанасда.

 

КІиабизеги ГІиса къабул гьавуларо Назареталда

 

53Гьел мисалал рачун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьениса нахъе ана. 54Живго гІураб шагьаралдеги вачІун, гьениб гьезул синагогаялъуб Аллагьасул рагІи малъизе лъугьана ГІиса. ГІадамал гІажаиблъун хутІун рукІана, гьадинаб гІакъиллъи-цІодорлъи гьесие кисадай щванаян, мугІжизатал рихьизаризе киндай гьесда кІолаян.
55– Гьадав цІулал устарасул[14] вас гурищ гьав? Марям гурищ гьасул эбелалда цІар? Гьасул вацал гурищ Якъубги, Юсупги, Симонги, Ягьудаги? 56Гьанир нилъеда аскІор гурищ гьасул киналго яцал ругел? Цинги гьаб гІакъиллъиги карамалъиги кисаха гьасие щвараб?
57Гьедин, васвасаца ккун, гьесда божичІо гьел. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абуна:
– Къимат-къадру гьечІев авараг цониги вукІунаро, амма жиндирго инсул росдацаги, жиндирго рукъалъул агьлуялъги гьев рикІкІунаро.
58Гьел божулел рукІинчІелъул, дагьал гурони мугІжизатал рихьизаричІо гьенир ГІисаца.

 

14 бетІер

 

ЯхІя аварагасул хвалил хІакъалъулъ

 

1Гьеб заманаялда Галилеялъул ханлъун вукІарав Гьеродида рагІана ГІисал хІакъалъулъ. 2Гьес жиндирго нукарзабазда абуна:
– ЯхІя авараг ватизе ккола гьев, хваралъуса вахъун вачІун, гьединлъидал гьес рихьизарулел руго гьел мугІжизаталги.
3Гьев Гьеродица кквезеги ккун, рахсалги ран, гвандиниве рехун вукІана ЯхІя авараг. Гьелъие сабаблъун ккана Гьеродил вац Филиппил йикІарай чІужу Гьеродиада. 4ЯхІяца гьесда абулеб букІиндалха дуца гьей ячине бегьуларилан. 5ЯхІя чІвазе бокьун букІана Гьеродие. Амма халкъалъукьа хІинкъана, киназго гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал.
6Гьерод гьавураб къо кІодо гьабулеб рохалилъ Гьеродиадал яс цее яхъун кьурдана. Гьелдаса разилъарав Гьеродица 7гьей ясалда гьедун абуна, дуе бокьараб сайигъат кьезе хІадурав вугин, цІар чІвай дургоян. 8Эбелалъ малъун гьей ясалъ абуна, гьаниб гъадрида жаниб лъун, ЯхІя аварагасул бетІер кьейилан. 9Хан пашманлъана. Амма гьалбадеридаги рагІун гьедараб гьа хвезабизе бокьичІого, кьейилан амру гьабуна гьес. 10Гвандиниве чи витІун ЯхІял бетІер къотІизабуна Гьеродица. 11Гъадриниб лъун босун бачІана бетІер ва ясалъухъе кьуна, гьелъги жиндирго эбелалъухъе босун ана. 12Цинги ЯхІял муридаз гьесул жаназа, нахъеги босун, хабалъ букъана, ва лъугьа-бахъаралъул хІакъалъулъ ГІисада бицине ана гьел.

 

ГІисаца щуазарго чи гІорцІизавула

 

13Гьеб хабар рагІидал ГІиса, росодаги рекІун, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ана халкъалдаса ватІалъун. Гьев аравлъи лъараб мехалъ шагьараздаса гІадамал ракъдадасан ана гьесда хадур. 14Ракъдаде лъугьараб мехалъ ГІисада гьениб бихьана гІемераб халкъ. ГІиса гьезда гурхІана ва унтарал сахлъизаруна. 15Бакъанимех гІагарлъулеб букІана. ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна:
– ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин, нахъе айилан абе гьал гІадамазда, росабалъе ун жидеего квен-тІех босизе.
16ГІисаца гьезда абуна:
– Гьел кирениги ине ккеларо. Нужеца кваназаре гьел.
17Муридаз абуна жидехъ щуго чедги кІиго ччугІаги гурони гьечІилан.
18Гьеб жиндихъе босун рачІаян абуна ГІисаца гьезда. 19Харда тІад гІодор чІаян гьел гІадамаздаги лъазабун, ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун квантІе дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна. Гьезги гІадамазе бикьана. 20Киналго гІорцІизегІан кванана, нахъе хутІарал кесказулги анцІила кІиго гьегь цІезабуна. 21Руччабиги лъималги малъичІого, щуазаргогІанасев чи вукІана гьенив.

 

ГІиса лъеда тІасан вилълъун вачІуна

 

22Гьеб халкъ нахъе биччалалде ГІисаца муридал ритІана, росодаги рекІун, ралъдал добцояб рахъалде цере-цере айилан.
23Халкъги нахъе биччан, ГІиса живго цохІо магІарде вахана Аллагьасе гьари-дугІаялъе. МаркІачІубер рукІкІараб мехалъги живго цохІо гьенив вукІана ГІиса. 24Дозул раса хІорил рагІалдаса чанго километралъ рикІкІалъун букІана. Данде гьури букІун карачелаз раса хьвагІезабулеб букІана. 25Жеги хъахІлъи рехилалдего ралъдал лъеда тІасан вилълъун ГІиса гьезда хадув ана. 26Лъеда тІасан вилълъун вачІунев гьесда бер чІвайдал, муридал хІинкъун хаган хутІана. Хваразул рухІ бугин гьебиланги абун, гІемерго хІинкъиялъ ахІдезе лъугьана.
27– Дун вуго! Нуж расги хІинкъуге! КъвакІун чІа! – ян ахІана гьебсагІат гьезде ГІисаца.
28– Я, БетІерчІахъад! Нижеда цеве вугев чи мун ватани, лъеда тІасан дуда данде вачІине амру гьабе диеги, – ян абуна Пётрица гьесда.
29– ВачІа! – ян абуна ГІисаца.
Росониса къватІиве вахъун, лъеда тІасан ун ГІисада аскІове щвана Пётр. 30Амма кутакаб гьури речІчІун бачІунеб бихьун, гьев хІинкъана, гъанкъизехъин вукІана.
– Я, БетІерчІахъад! Дун хвасар гьаве! – ян ахІдана гьев ГІисаде.
31– Ле иман дагьав инсан! Щай дур рекІелъе щаклъи лъугьараб? – анги абун, гьебсагІат квер бегьун ккуна ГІисаца гьев.
32Гьел кІиялго росонире лъугьиндал, гьури къатІана.
33– ХІакъикъаталдаги мун Аллагьасул Вас вуго! – ян, гьесие бетІер къулана росода рукІараз.

 

Геннесареталдаги сахлъизарула унтарал гІадамал

 

34Добаб рагІалдеги рахун гьел щвана Геннесареталъул ракьалде. 35Гьеб бакІалъул гІадамазда ГІиса лъана. Гьев вачІун вугилан тІолабго сверухълъиялда лъазабизе чагІи ритІана. Киналго унтарал росун, рачун рачІана гьесухъе. 36Дур гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги тейилан гьарулеб букІана гьез. Гьелда квер хъваралщиналги сахлъулел рукІана.

 

15 бетІер

 

Аллагьасул амруялги умумузул гІадаталги

 

1Гьебмехалъ ГІисахъеги рачІун, Иерусалималдаса диниял гІалимзабаз ва фарисеяз абуна:
2– Дур муридаз нилъер умумузул динияб гІадат щай цІунулареб? Кваналелде кверал чурулел гьечІогури гьез.
3ГІисаца гьезда абуна:
– Нужерго гІадат цІунизе бокьун, нужецаго щай Аллагьасул амру тІубазабулареб? 4Аллагьас абун буго: «Дурго инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабе!» Хадубги: «Жиндирго инсул яги эбелалъул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав чи чІвазе ккола», – ян. 5Нужеца малъулеб буго: «Дидасан нужее щвезе кколеб букІараб жо дица Аллагьасе назру гьабунилан жиндирго инсуда яги эбелалда абурав чияс 6инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабизе кколаро», – ян. Гьедин нужеца нужерго гІадаталдалъун хвезабулеб буго Аллагьасул амру. 7Вай, нужее ххвелал гьаризе бокьулеб куц! Нужер хІакъалъулъ Ишая аварагасул тІехьалда цІакъ битІун абун бугебха:
8«Гьел гІадамазул кІалалъ Дир цІар гІемер рехсола,
Амма гьезул ракІални рикІкІад руго Дидаса.
9ГІадада ккела гьезул Дие гьабураб тІагІат,
ГІадамазул гІадатал цІунизе халкъ тІамидал».
10Нахъеги халкъги аскІобе ахІун, ГІисаца абуна:
11– Дихъ гІенекке нуж: кІалдиса жанибе аралъ гуро инсан хъублъизавулев, кІалдиса къватІибе бачІаралъин. Гьеб бичІчІа нужеда!
12Гьебмехалъ, аскІоре рачІун, муридаз абуна ГІисада:
– Дур рагІабаз фарисеял ццидахинарун рукІин лъалищ дуда?
13ГІисаца гьезие жаваб гьабуна:
– Зобалазда вугев дир Инсуца ахикь чІечІебщинаб гъветІ кьолболъа бахъун рехизе буго. 14ЖахІалго те гьел. Гьел руго бецал чагІи, квер ккун хадур цІалел бецукал. Бецукас ккун бецук вачунев вугони, кІиялгоги гвандинире рортила гьел.
15Пётрица гьарана дол рагІабазул магІна бицеян.
16– ГьедигІанго жо бичІчІуларел чагІийищха нужги, – ян хІикмалъана ГІиса.
17Нилъеца кІалдибе босараб жо чохьонибе кколеблъи ва гьенисан къватІибе унеблъи лъаларебищха нужеда? 18Амма кІалдисан къватІибе бачІуна рекІелъ бугеб жо. Гьеле гьелъин чи хъублъизавулев. 19Щаян абуни, инсанасул рекІелъан рачІуна квешал къасдалги, чІвай-хъвейги, зиначилъиги, хъахІбалъиги, цІогьги, гьересинугІлъиги, бугьтанги. 20Гьеб киналъго хъублъизавула инсан. Амма кваналелде кверал чуричІогойилан гьев хъублъуларо.

 

Цогидаб халкъалъул гІаданалъги ГІисаде иман лъола

 

21Гьениса вахъун ГІиса унев вукІана Тиралъул ва Сидоналъул улкабазде.
22Ханааналдаса цо гІадан[15] ячІана ГІисада аскІое ва гІодилаго ахІдезе лъугьана:
– Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил Вас! ГурхІа мун дида. Дир яс йиго шайтІабаз ккун кутакаб гІазабалда гъоркь.
23Гьелъие жаваб гьабун цо рагІицин абичІо ГІисаца. АскІоре рачІун муридаз гьарана, гьадай гІадан ахІделаго нилъеда хадуй ячІуней йигин, дой нахъе йитІеян. 24Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна:
– Дун Исраилил умматалъухъе витІун вуго вехьасухъа риларал чахъаби гІадин ругел гьелъул гІадамал ралагьизе.
25АскІое ячІун, ГІисада цее накабаздаги чІун, гьарулеб букІана дой гІаданалъ:
– Я, БетІерчІахъад! Кумек гьабе дие, – ян.
26– Лъималазул кІалдиса бахъун чед гьабзазе базе бегьуларо, – ян абуна гьелда ГІисаца.
27Гьей гІаданалъ абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Гьебни битІараб буго. Амма жидерго бетІергьабазул столалдаса рортарал кескал рукъалъул гьабзазеги щолагури.
28Гьебмехалъ ГІисаца гьелда абуна:
– Я, чІужугІадан! Кутакаб божи-иман буго дур рекІелъ. РекІел мурад тІубайги дур!
ГьебсагІат сахлъана гьей гІаданалъул яс.

 

ГІемерал гІадамал сахлъизарула ГІисаца

 

29Гьениса вахъун ун, Галилеялъул ралъдал рагІалдасан вачІун, цо магІарде вахана ГІиса ва гьенив чІана. 30ГІемераб халкъ бачІана ГІисада хадуб гьенибеги. Гьезда гъорлъ рукІана рекъал, гІажизал, бецал, мацІ лъаларел ва цогидабги гІузру-сакъат бугел гІадамал. Гьесул хІатІазда цере лъолел рукІана гьединал гІадамал, ва гьес гьел сахлъизарулаан. 31МацІ лъаларел кІалъалел ругелъул, бецазда канлъи бихьулеб бугелъул, гІажизал сахлъулел ругелъул, рекъал лъикІго рилълъанхъулел ругелъул, тІолабго халкъ гІажаиблъун хутІун букІана. Исраилил Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез.

 

ГІисаца ункъазарго чи гІорцІизавула

 

32Жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
– Гьал гІадамазда гурхІун вуго дун. Гьале лъабабго къоялъ дида аскІор чІун руго. Кваназе жоги хутІун гьечІо гьазухъ. Гьал кваначІого риччазеги бокьун гьечІо дие: нухда рухІ дагьлъун гІодор ккезе бегьула.
33Муридаз гьесда абуна:
– ГьадигІан гІемераб халкъ гІорцІизе гІураб чед гьаб гІалхуда киса бахъилеб нижеца?
34Чан чед нужехъ бугебилан гьикъана ГІисаца гьезда. Анкьго чедги цо чанго ччугІаги бугилан абуна гьез. 35Цинги ГІисаца гьел гІадамазда абуна кваназе гІодор чІайилан.
36Доб анкьабго чедги чанго ччугІаги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца бек-бекун жиндирго муридазухъе кьуна, гьезги халкъалъе бикьана гьеб. 37Киналго гІорцІизегІан кванана гьенир, нахъе хутІарал чадил мочІабазулги анкьго гьегь цІуна. 38Руччабиги лъималги малъичІого, ункъазарго чи вукІана гьенив кваналев.
39Халкъги нахъе биччан ГІиса, росодаги рекІун, Магаданалъул ракьалде ана.

 

16 бетІер

 

Гьаб умматалъе гІаламат букІине гьечІо

 

1ГІисахъе рачІана фарисеялгисаддукеялги. Гьесул хІалбихьизелъун гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. 2Жавабалъе гьес абуна:
– Къаси нужеца абула зоб багІарлъун бугин, метер роцІараб къо букІинин. 3Радал нужеца абула жакъа кьерхараб къо букІинин, багІарсияб ва накІкІуяб кьер лъугьун бугин зодил. Зобалазул хиса-басиязда хадур гІунтІула нуж, амма гьаб тІаде гІунтІун бугеб заманаялъул гІаламатал щайха нужеда лъаларел? 4Квешлъиги хъахІбалъиги гІемерлъараб гьаб умматалъе къваригІун буго зодисан гІаламат бихьизе. Амма Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьазие букІине гьечІо.
Цинги, гьелги жалго тун, ГІиса нахъе ана.

 

Фарисеязулги саддукеязулги реччеялъул хІакъалъулъ

 

5Ралъдал добцояб рагІалде унаго, чед цадахъ босизе кІочон тун батана муридазда. 6ГІисаца гьезда абуна:
– Вореха, фарисеязулги саддукеязулги реччеялдаса цІунун чІа нуж.
Жидедаго гьоркьоб хабар ккана гьезул:
7«Нилъеца чед цадахъ босичІилан абураб магІна букІине ккола гьел рагІабазул». 8Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна:
– Чед гьечІилан гаргадизе бегьилищ нуж? Нужго кинал гьединал иманги дагьал, 9бичІчІиги гьечІел! Щуазарго чиясе щуго чед гІураблъи ракІалда гьечІищ нужеда? ХутІарал чадил мочІабазул чан гьегь нужеца цІезабураб? 10Яги ункъазарго чиясе анкьго чед гІураблъи ракІалда гьечІищ? ХутІарал чадил мочІабазул чан гьегь нужеца цІезабураб? 11Чадил бицунеб гьечІеблъи щай нужеда бичІчІулареб? Амма фарисеязул реччеялдасаги саддукеязул реччеялдасаги цІунун чІа нуж!
12Гьанже гьезда бичІчІана фарисеязулги саддукеязулги реччеялдаса гуреб, гьезул малъа-хъваяздаса цІунеян абулеб бугеблъи.

 

Пётрица иман лъуна ГІиса МасихІ вукІиналде

 

13Филиппил Къайсарияталъул ракьалде щведал, ГІисаца муридазда гьикъана:
ГІадамил Лъимер щивлъун рикІкІунев вугев гІадамаз?
14Гьез абуна:
– Цояз абулеб буго ЯхІя авараг вугилан. Цояз абулеб буго Иляс авараг вугилан, Иеремия яги цогидав авараг вугилан абулел чагІиги руго.
15– Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? – ан абуна ГІисаца.
16Пётр абун тІокІцІар бугев Симоница жаваб кьуна:
– Мун вуго хІакъав Аллагьасул Вас МасихІ!
17Гьесдехун вуссун ГІисаца абуна:
– Гьардарав гурищ мун, Юнусил вас Симон. Инсанас гуро мун гьелде кантІизавурав, зобалазда вугев дир Инсуца кантІизавуна. 18Цоги дица дуда абулеб буго мун Пётр (Кьуру) вугилан, гьеб кьурда тІад бала дица дирго Килиса[16], ва хвалил къуваталъе къуркьиларо гьеб. 19Дица духъе кьела Зобалазул ПарччахІлъиялъул кІул, ракьалда дуца гьукъарабщинаб зобалаздаги гьукъила, ракьалда дуца изну кьурабщиналъе зобалаздаги изну кьела.
20Цинги ГІисаца жиндирго муридазда лъазабуна жив ГІиса МасихІ вугилан лъиданиги бицунгеян.

 

ГІисае букІине бугеб гІазаб-гІакъуба

 

21Гьелдаса хадуб ГІисаца гьезда бицине байбихьана жив Иерусалималде ине вугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги жиндие гІазаб-гІакъуба кьезе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ Аллагьас чІаголъизавизеги вугин.
22ДовегІанги вачун Пётр лъугьана гьедин абугейилан гьесда дандечІун кІалъазе:
– Аллагьас цІунаги, БетІерчІахъад! Дуе гьеб лъугьине рес гьечІо!
23Кьурун вуссун, Пётрида абуна гьес:
– ТІагІа дида аскІоса, илбис! Дуца дун къосинавулев вуго! Аллагьасулаб тун инсанасулаб лъугьун буго дур рекІелъе.
24Цинги жиндирго муридазда ГІисаца абуна:
– Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа. 25Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарасда гьеб цІидасан батила. 26Жиндирго рухІги рецІалие кьун, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе? Жиндирго рухІалъухъ хисун кьезе щиб бугеб инсанасул? 27Жиндирго Инсул къудраталдалъун, ГІадамил Лъимер дуниялалде вачІине вуго жиндирго малаикзабигун цадахъ. Щивасул амру-ишалда рекъон кьела Гьес гьебмехалъ. 28ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимер ПарччахІлъун вачІун вихьичІого жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор.

 

17 бетІер

 

ГІиса хиса-басун лъугьуна

 

1Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан Пётрги, Якъубги ва гьесул вац Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. 2Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. Гьесул гьумер бакъ гІадин гвангъана, хъахІлъун лъугьараб ретІел нурлъун кенчІелеб букІана. 3Гьале МусагиИлясги рихьана гьезда гьевгун гара-чІварулел. 4Пётрица ГІисада абуна:
– Я, БетІерчІахъад! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! Дуе бокьани, дица лъабго хъощ бала гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие.
5ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь:
– Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж!
6Гьеб рагІидал гІасиго хІинкъун кІалагъоркье ккана муридал. 7АскІове вачІун, гьезда кверги хъван, ГІисаца абуна:
– ХІинкъуге! ТІаде рахъа! – ян.
8Эхеде рорхун ралагьидал цохІо ГІиса тун батІияв чи гьезда вихьичІо.
9Гьеб магІардаса гІодоре рещтІунеб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна ГІадамил Лъимер хваралъуса вахъинегІан гьаб нужеда бихьараб гІаламаталъул лъиданиги цІар бахъугейилан. 10Муридаз ГІисада гьикъана:
– Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан?
11Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна:
– БитІараб буго, Иляс вачІине кколаан ва гьес кинабго къачІан тезеги кколаан. 12Дица нужеда абулеб буго: Иляс вачІун вукІана, амма гІадамазда гьев лъачІо, жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие, ГІадамил Лъимадуеги гІазаб кьезе буго гьез.
13Гьебмехалъ муридазда бичІчІана гьес ЯхІя аварагасул хІакъалъулъ бицунеб букІин.

 

ГІисаца сахлъизавула жундуз ккурав цо вас

 

14Халкъалда аскІоре тІадруссун гьал щведал, аскІове вачІун накабазда чІун, цо чи гьардана ГІисада:
15– Я, БетІерчІахъад! Дир васасда гурхІа мун. Унти бачІун лъугьуна гьев, кІудияб гІазаб буго гьесие: цин цІадулъе вортула, цин лъадалъе вортула. 16Дица вас дур муридазухъе вачун вукІана, амма гьезда кІвечІо гьев сах гьавизе.
17Гьебмехалъ ГІисаца абуна:
– Гьай, нуж иман гьечІеб ва пасатаб наслу! КидалъагІан дун нужеда цадахъ вукІинев ва кидалъагІан дица нуж хІехьелел! Гьаниве ваче гьев дида аскІове.
18ГІисаца амру гьабидал, васасул чорхолъа къватІибе лъугьана жен. ГьебсагІат сахлъана гьев.
19БатІаго аскІореги рачІун, муридаз ГІисада гьикъана:
– Нижеда щай кІвечІеб доб жен бачахъизе?
20-21ГІисаца гьезда абуна:
– Божи-иман дагьаб бугелъулха нужелъ! ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: горчицаялъул хьодул мугьгІанасеб божи нужелъ бугони, нужеца гьаб мегІералда абила гьаниса бахъун добегІан айилан, ва бахъун добегІан ина гьеб. Гьедин нужеда кІолареб жо щибниги букІине гьечІо[17].

 

ГІазаб-гІакъубаялъул хІакъалъулъ цоги нухалъ

 

22Гьениса рахъун Галилеялде унаго, ГІисаца муридазда абуна:
– ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове. 23Гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги чІаголъила.
Гьел цІакъ пашманлъана.

 

Мукъадасаб Рукъалъе кьолеб магъалоялъул хІакъалъулъ

 

24Гьал Капернаумалде щведал, Мукъадасаб Рукъалъе магъало бакІарулев чи вачІана Пётрида аскІове:
– Дур МугІалимас кІиго диргьам магъалоялъе кьоларебищ? – ан гьикьизе.
– Кьола! – ян абуна Пётрица 25ва ГІисада аскІове жаниве лъугьана. Пётрица кІал рагьилалдего, ГІисаца гьесда абуна:
– Дуда кин кколеб, Симон, дуниялалъул парччахІзабаз магъало яги налог лъихъа босулеб? Жидеразухъагойищ яги чияразухъайищ?
26Чияразухъа, – ян жаваб кьуна гьесие Пётрица.
– Гьедин батани, жидерго гІадамазда тІадаб гьечІогуриха гьеб кьезе, – ян абуна ГІисаца. 27Амма гьал къварид гьарун щай нилъее. Вахъа, мун хІорил рагІалде а, гъармахъ рехун ччугІа кквезе. ТІоцебе ккураб ччугІил кІалдиве вакке. Гьениб батила дуда ункъо диргьамалъул гІарац. Цинги гьеб дуего гІологи дие гІологи магъалоялъе кье.

 

18 бетІер

 

«Бищун кІудияв щив?»

 

1– ПарччахІлъиялда ругезул гьоркьов бищун кІудияв щив? – ан гьикъана гьебмехалъ, ГІисада аскІоре рачІун, муридаз. 2ГІисаца, аскІобе ахІун, цо лъимер гьезда гьоркьоб эхетизабуна. 3Гьес абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІакълу-пикру хисичІони ва лъимал гІадин лъугьинчІони, Зобалазул ПарччахІлъиялде лъугьинаро нуж киданиги. 4Живго гьитІинлъизавурав ва гьеб лъимер гІадин лъугьарав чи бищунго кІудиявлъун вукІине вуго Зобалазул ПарччахІлъиялда. 5Цо гьадинаб лъимер, дие гІоло, лъицаниги къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. 6Амма диде иман лъуразда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІалев чиясде балагь бачІина. Гьесие лъикІаб букІинаан, гьобоги горбода бухьун, гъваридаб ралъдалъ гъанкъизавуни.

 

«Мун мунагьалде цІалев вугони...»

 

7Вай, инсан мунагьалде цІалеб жоялъул дуниялалда бугеб балагьги гІазабги! Щаян абуни, мунагьалде цІалеб жо камун дуниял хутІуларелъул. Гьединго балагьги гІазабги жив сабаблъун цогидав мунагьалде цІалев чиясеги!
8Дур квералъ, яги бохалъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун нахъе рехе гьеб. Цояб квер камун, яги цояб бох камун абадияб рокъове лъугьин лъикІ дуе, кІиябго квергун, яги кІиябго бохгун свин гьечІеб цІадаве рехизегІан. 9Дур бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун нахъе рехе гьеб. Цо бергун абадияб рокъове лъугьин лъикІ дуе, кІиябго бергун жужахІалъул цІадаве рехизегІан.

 

Билараб чахъдал мисал

 

10-11Воре, нужеца сан гьавичІого тоге лъимер гІадин вугев гІадатияв цониги пулан. Щаян абуни, дица нужеда абулеб буго: гьединазул малаикзабазда кидаго кІола зобалазда вугев дир Инсуда бадире ралагьизе.
12Кин нужеда ракІалде кколеб: масала, цо пуланав чиясул буго нусго чахъу. Гьезул цояб билани, доб ункъоялда анцІила ичІабгоги магІарда тун, гьеб билараб чахъу балагьизе инарищ гьев? 13Нагагь гьесда гьеб батани, хІакълъун абулеб буго дица нужеда, риличІого ругел дол ункъоялда анцІила ичІго чахъдадаса цІикІкІун вохула гьев батараб чахъдадаса. 14Гьедин зобалазда вугев нужер Инсуеги бокьуларо лъимер гІадин вугев гІадатияв цониги пулан тІагІине.

 

Диналъул вацасул мунагьалъул хІакъалъулъ

 

15Дурго диналъул вацасухъа ккани мун къварид гьавулеб мунагь, чи гьечІеб бакІалда бадибчІвай гьабе гьесие. Гьев духъ гІенеккани, дуе дурго вац нахъе щола. 16Гьев духъ гІенеккичІони, цо яги кІиго чиги вачун, а мун гьесухъе. ТІехьалда хъван бугелъул: «Лъилниги рагІи ритІухълъизе ккани, къваригІуна кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи». 17Гьезухъги дур вац гІенеккичІони, иман лъуразул агьлуялда бице. Гьезухъги гьев гІенеккичІони, дуца гьев рикІкІе Аллагь лъаларевлъун яги магъало бакІарулев чилъун.
18ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ракьалда нужеца гьукъарабщинаб зобалаздаги гьукъила. Ракьалда нужеца изну кьурабщиналъе зобалаздаги изну кьела. 19Цоги абулеб буго дица нужеда: нужер кІигояв рекъон дуниялалда нужеца щиб гьараниги, Зобалазда вугев дир Инсуца тІубазабила гьеб. 20Щай абуни, дир цІаралъе гІоло кІиго яги лъабго чи данделъани, гьезда гьоркьов дунги вукІуна.

 

Налъуласда гурхІуларев чиясул хІакъалъулъ

 

21АскІовеги вачІун, Пётрица гьикъана ГІисада:
– Дун къварид гьавулел мунагьал дир вацасухъа гІемер ккани, чан нухалъ дун гьесда тІасалъугьине кколев? Анкьго нухалъищ?
22ГІисаца гьесда абуна:
– Дица дуда абулеб буго: анкьго нухалъ гурин, анкьцІали[18] нухалъилан.
23Зобалазул ПарччахІлъиги релълъинабизе бегьула жиндирго лагъзадерихъа налъи бакІаризе лъугьарав цо парччахІасда. 24Налъи бакІаризе байбихьараб мехалъ, гьесухъе вачун вачІун вуго анцІазарго талант[19] гьесие налъуда бугев цо пуланав лагъ. 25Налъи бецІизе гьесул рес гьечІеблъиги лъан, парччахІас буюрун буго гьев живгоги вичейин, гьесул чІужу-лъималги ричейин, бугебщинаб боцІи-рикъзиги бичейин, жиндие гІарац чІезабеян. 26Гьебмехалъ лагъ, кІалагъоркье гьесда цевеги речІчІун, гьардезе лъугьун вуго:
– Сабру гьабе! Дица бецІила гьеб кинабго.
27ПарччахІ гьев лагъасда гурхІун вуго, гьеб налъиги бецІичІониги гьесие хІалал гьабун буго. 28Гьениса вачІунаго, гьев лагъасда ватун вуго жиндие нусго динар кьезе букІарав живгогІадав цоги лагъ. Налъи бецІизе кколилан, щекъерги ккун, гъанкъулев вукІун вуго гьас дов. 29КІалагъоркье гьасда цевеги речІчІун, гьарун буго дов налъулас, сабру гьабейин, жинца бецІилин дуе налъи. 30Амма гьав разилъун гьечІо, гвандинив тІамизавун вуго, тІубанго налъи бецІизегІан жанив чІезавун вуго. 31Дов жанив тІамурав лагъасул гьалмагъзаби цІакъ пашманлъун руго гьеб бихьидал, инеги ун жидерго бетІергьанасда бицун буго ккарабщиналъул хІакъалъулъ. 32Гьебмехалъ дов лагъги ахІун, гьесда абун буго парччахІас:
– Ле, хІалихьатав лагъ, дуца гьарараб мехалъ дуда букІараб тІолабго налъи тІасалъугьун тана дица. 33Дун дуда гурхІарав гІадин, мунги гурхІизе ккелароанищ мунго гІадав лагъасда?
34Ццин бахъун гьев парччахІас буюрун буго тІолабго налъи бецІизегІан досие гІазаб кьейилан. 35Гьедин гьабила нужееги Зобалазда вугев дир Инсуца, нужер щивав чи ракІ-ракІалъго вацасда тІасалъугьинчІони.

 

19 бетІер

 

ГІисаца ригьнал хІакъалъулъ бицуна

 

1Гьанже гьеб хабар бицун бахъиндал, Галилеялдаса нахъе ана ГІиса ва Иордан гІор бахун доб рахъалда ругел Ягьудиялъул бакІазде щвана. 2ГІемераб халкъ бачІунеб букІана ГІисада хадуб, унтарал-щокъал сахлъизарулел рукІана гьес.
3РачІун фарисеяз, ГІисал хІалбихьизе, цІехана:
– Бокьараб гІиллаялъе гІоло росас чІужу йиччан тезе бегьулейищ? – ан.
4ГІисаца абуна:
– Нужеца цІаличІебищ: ГІалам Бижарас тІоцере «рижана бихьинчиги чІужугІаданги»? 5Цинги гьес абуна: «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина» 6Гьелдаса хадур кІиго рукІунаро гьел, цого рукІуна. Аллагьас цолъизабураб инсанас батІалъизабизе бегьуларо.
7Фарисеяз абуна:
– Щайха Мусаца изну кьун бугеб цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кодобе кьолеб бугони, чІужу йиччан тезе?
8ГІисаца абуна:
– Нужер чанкІкІи сабаблъун кьуна Мусаца нужее лъудби риччан тезе изну. Амма авалалдасанго гьедин букІинчІо. 9Дица нужеда абулеб буго: хъахІбалъи хутІун батІияб гІиллаялъе гІоло чІужуги йиччан тун, цогидай ячарав чи жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна.
10Муридаз ГІисада абуна:
– ЧІужуялъул рахъалъ бихьинчиясул иш гьедин бугеб батани, чІужуго ячинчІого чІани лъикІ букІина.
11Гьезда ГІисаца абуна:
– Ригьин гьабичІого тезе Аллагьас бажари кьураз гурони къабул гьаруларо гьел рагІаби.
12Щаян абуни, цо-цо ругелъулха эбелалъул ургьирго ахтаяллъун[20] рижарал; цогидалал ахтаяллъун гІадамаз лъугьинарула; Зобалазул ПарччахІлъиялъе гІоло лъудби рачинчІого чІаралги руго. Къабул гьабизе бажарулес къабул гьабе гьеб.

 

ГІисаца лъималазе дугІа гьабула

 

13ГІисахъе лъимал рачун рачІана, гьезда тІад квер бахъеян ва дугІа гьабеян гьарун. Муридаз гьел риччалел рукІинчІо.
14ГІисаца абуна:
– Риччанте лъимал дихъе рачІине, гьезие квекІен гьабуге. Гьединазейин Зобалазул ПарччахІлъи щун бугеб!
15Цинги, гьел лъималазда тІад кверги бахъун, ГІиса гьениса ана.

 

Зобалазул ПарччахІлъиги инсанасул бечелъиги

 

16Гьале цо гІолохъанчияс ГІисада гьикъана:
– Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб лъикІлъи дица гьабизе кколеб?
17ГІисаца гьесда абуна:
– ЛъикІлъиялъул хІакъалъулъ щай дуца дида гьикъулеб? ЛъикІав вуго цохІо Аллагь. Абадияб рукъалъул бутІа щвезе бокьани, Аллагьасул амруял тІуразаре.
18– Кинал? – абун гьикъана дос.
ГІисаца абуна:
– «Чи чІваге», «зина гьабуге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», 19«эбел-инсул адаб-хъатир гьабе». Цоги: «мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги».
20Гьев гІолохъанчияс ГІисада абуна:
– Гьел амруял дица гьанжелъагІанги тІуразаруна. Цоги щиб дие камун бугеб?
21ГІисаца гьесда абуна:
– ТІубанго камиллъизе бокьани, дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье. Гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине.
22Гьеб рагІидал, гІолохъанчи къваридго нахъе ана. Гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи.
23Жиндирго муридазда ГІисаца абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе цІакъ захІмалъула бечедав чиясе. 24Гьале цоги нухалъ абулеб буго дица нужеда: рукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса.
25Гьеб рагІидал, гІажаиблъун-хІикмалъун хутІарал муридаз гьикъана:
– Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха?
26Гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна:
– ГІадамазда гьеб кІоларо, амма Аллагь сундуего хІалкІолев вуго.
27Гьебмехалъ Пётрица абуна:
– Гьале, кинабго рехун тун, ниж дуда цадахъ рилълъана. Щибха нижее гьелъухъ букІинеб?
28ГІисаца гьезда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица: гьедин дида хадур рачІиндал нуж, цІияб дуниялалда ГІадамил Лъимер жиндирго къудраталъул тахида гІодов чІараб мехалъ, анцІила кІиябго тахида дида аскІор гІодор чІезе руго. Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе. 29Дие гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-хъизанги, хур-ахги рехун таравщинав чиясе нусго нухалъ цІикІкІун щвела ва абадияб гІумру насиблъила. 30Цере рукІарал чангиял тІарамагъаде ккела, тІарамагъада рукІаразул чангиял цере ккела.

 

20 бетІер

 

ЦІолбол ахикь хІалтІаразул мисал

 

1Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна, радал хехго вахъун, жиндирго цІолбол ахикь хІалтІизе гІадамал ралагьизе арав цо бечедав чиясда. 2Къое цо-цо динар кьезе къотІиги гьабун, хІалтІухъаби ккун руго гьес ва цІолбол ахикье ритІун руго. 3Лъабго сагІаталдасан нахъеги базаркъотІносан унаго, цоги чагІиги ратун руго гьенир, хІалтІи щвелародайилан рахъун чІун. 4Нуж разияб мухьги кьелин, дир цІолбол ахикье хІалтІизе айилан ритІун руго гьас гьелги. Ун руго гьел гьенире. 5Къалъул гІужалдехунги ва къалъудаса лъабго сагІат араб мехалъги базаркъотІнове ун, додинго ритІун руго гьес хІалтІухъаби. 6Бакъанидехунги ун вуго гьав чи базаркъотІнове. Дагьалги гІадамал ратун руго гьенир рахъун чІун.
– Къойица гьанир чІалгІаде рахъун чІун щибулел нуж ругел? – ан гьикъун буго гьас гьезда.
7Жал лъицаниги хІалтІизе рачунел гьечІилан абун буго гьез. Гьездаги абун буго гьес жиндир цІолбол ахикье айилан. 8МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ, жиндие хъулухъ гьабулев чиясда гьес абун буго дол хІалтІухъабиги ахІун, ахиралда ритІараздасан байбихьун тІоцере ритІаразде щвезегІан гьезие мухь кьейилан. 9Бакъанимехалда хІалтІизе байбихьаразеги цо-цо динар щун буго. 10Радалго хІалтІизе квер баразда ракІалда букІун буго жидее цІикІкІун кьелилан. Амма гьезиеги цо-цо динар гурони щун гьечІо. 11Гьебмехалъ ахил бетІергьанасде гъулгъудизе лъугьун руго гьел:
12– Ахикье ахиралда рачІарал гІадамал цо сагІаталъ гурони хІалтІичІо. Нижин абуни, радалалдаса бакъинегІан бухІараб бакъукь хІалтІана. Гьезиеги нижееги бащад кьуна дуца мухь.
13Гьезул цоясдехун вуссун ахил бетІергьанас абун буго:
– Ле, гьудул! Дуе гьабураб къотІи хвезабунищ дица? Мун разилъун вукІинчІищ цо динаралъухъ хІалтІизе? 14Дуего кьураб мухьги босун нахъе щай унарев? Дие бокьун буго дуе кьуралда бащад тІарамагъада витІарасеги кьезе. 15Дирго буголъиялда бокьараб гьабизе ихтияр гьечІебищ дир? Яги дир сахаватлъиялда бер бахиллъунищ мун вугев?
16Гьедин цере рукІарал ахиралде ккела, ахиралда рукІарал цере ккела.

 

ГІазаб-гІакъубаялъул хІакъалъулъ – лъабабизеги

 

17Иерусалималде унаго нухда ГІисаца анцІила кІиявго мурид батІаго ахІана ва гьезда абуна:
18– Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове кьела, гьезги чІвазе къотІила. 19Цинги инжит-хІакъир гьавизе, цІалаца вухизе ва хъанчида вазе цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела гьев. Ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъила.

 

Якъубилги Иоаннилги эбелалъе ГІисал жаваб

 

20Гьебмехалъ ГІисада аскІое ячІуна Зебедайил васазул эбел. Гьелда аскІор рукІана кІиявго васги. Гьелъ гІодое къулун цо жо гьарулеб букІана.
21– Щиб дуе бокьун бугеб? – ан гьикъана ГІисаца.
Гьелъ абуна:
– Мун ПарччахІлъун ккараб мехалъ, гьав дир кІиявго вас дуца дудаго аскІор цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда, гІодор чІезарилин рагІи кье дие.
22ГІисаца гьелъул васазда абуна:
– Нужедаго лъалеб гьечІо нужеца гьарулеб бугеб жо. КІвеладай нужеда дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе?
КІвелилан жаваб кьуна гьез.
23ГІисаца абуна:
– Дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе ккезе буго нужеца. Амма дир кваранабги квегІабги рахъалда гІодор чІезариялъул иш дида бараб гьечІо, дир Инсул хІукмуялда бараб буго.
24Гьеб хабар рагІарабго, хутІарав анцІавго мурид дов кІиявго вацасде ццидахун лъугьана. 25АскІореги ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
– Нужеда лъалагури цогидал халкъазул парччахІзабаз халкъалда тІад ханлъи гьабулеблъи, чІухІби-хІакимзабаз гІадамазда тІад жидерго ихтияр билълъанхъизабулеблъи. 26Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо. Нужеда гьоркьоса лъиениги бищунго кІудиявлъун вукІине бокьани, гьев цогидазе хъулухъалъе чІа абе. 27Нужеда гьоркьоса бищунго цеве вукІине бокьаравги цогидазе лагълъун вукІа абе. 28ГІадамил Лъимерги жиндие лъицаниги хъулухъ гьабизелъун гуро вачІарав. Гьев вачІун вуго цогидазе хъулухъ гьабизе ва гІемеразе гІоло рецІалие жиндирго рухІ кьезе.

 

Иерихоналдаса унаго ГІисаца кІиго бецав чи сахлъизавула

 

29Иерихон шагьаралдаса къватІире гьел рахъунеб мехалъ, халкъалъул руккел букІана ГІисада хадуб бачІунеб. 30Гьале нухлул рагІалда гІодов чІун вукІарав кІиго бецав чи, ГІиса аскІосан унев вукІин рагІун, ахІдезе лъугьана:
– Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! – ян.
31ГІадамаз абуна гьезда руцІцІун чІайилан, амма гьел дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана:
– Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил вас! ГурхІа мун нижеда! – ян.
32Гьенив лъалхъун, ГІисаца гьел аскІоре ахІана ва дица щиб гьабизе нужее бокьун бугебилан гьикъана. 33Гьез абуна:
– Я, БетІерчІахъад, нижер беразда канлъи бихьизе бокьун буго.
34Гьев кІиясдаго гурхІун, ГІисаца гьезул беразда квер бахъана. ГьебсагІат беразда канлъи бихьун, ГІисада цадахъ рилълъана гьел.

 

21 бетІер

 

ГІиса Иерусалим шагьаралде лъугьунев вуго

 

1Гьел Иерусалималде щолел рукІана. Зайтуналъул магІарда бугеб Бетфагия росулъе гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
2– Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда рухьун ратила хІамаги кІертги. Рухьадасаги ричун, гьелги рачун рачІа. 3Лъицаниги щибниги абуни, нужеца бице, гьел ТІадегІанав ГІисае къваригІун ругилан. КІалъачІого риччала гьес гьел рачине.
4Гьеб кинабго ккана цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе:
5«Сионил ясалда[21] абе нужеца:
Дур хІалимав ПарччахІ вачІунев вугин
Гьир баччун ругьунаб хІамида рекІун,
ХІамица гьабураб кІартида рекІун!»
6Инеги ун, ГІисаца абураб гьабун, 7хІамаги кІертги бачун рачІана гьел. ГІиса тІад рекІине муридаз гьезул гьодиде жидерго партал рехана. 8Халкъалъул кІудияб руккелалъ, тІаса бахъун, ретІел букІана нухда тІибитІулеб. ГъутІбуздаса рекун, гІаркьалаби рукІана гьесда цере тІиритІулел. 9Гьесда цебе-цебе унеб халкъалъул руккелалъги хадур рачІунез туркиги ахІулеб букІана:
– Гьошанна![22]Давудил васасе рецц! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!
10ГІиса Иерусалималде лъугьиндал, тІолабго шагьар бихха-хочун лъугьана:
– Гьав чиго щив? – ан гьикъулеб букІана гІадамаз.
11Галилеялъул Назарет шагьаралдаса ГІиса авараг вуго, – ян жаваб кьуна гьезие гьесда хадуб бачІунеб букІараб халкъалъул руккалилъан.

 

ГІисаца даранчагІи Мукъадасаб Рокъоса къватІире гъола

 

12Мукъадасаб Рокъове лъугьун, ГІисаца гьениса къватІире гъуна даран-базаралда рукІарал гІадамал. ГІарац хисулел чагІазул столал ва къурбаналъе хъвезе маккал ричулел чагІи тІад гІодор чІолел бакІал кІалагъоркье чІвазаруна.
13ГІисаца гьезда абуна:
– ТІехьалда хъван буго: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго как-диналъул рукъ», – абун. Нужецайин абуни гьаб «хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго».
14ГІисахъе Мукъадасаб Рокъоре рачун рачІана бецалги рекъалги гІадамал. Гьес сахлъизаруна гьел.
15ГІисал хІикматал ишал рихьидал ва гІисинал лъималазги Мукъадасаб Рокъоб: «Гьошанна! Давудил васасе рецц!» – абун ахІулеб рагІидал, чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги ццидахун абуна гьесда:
16– Гьез абулеб бугеб жо рагІулеб гьечІищ дуда? – ян.
– РагІулеб буго, – ян абуна ГІисаца гьезда. – Нужеца киданиги цІаличІебищ: «ГІисинлъималги керен хахулелги тІамуна Дуца Дуего рецц гьабизе» – ян.
17Цинги ГІиса, гьелги рукІаралъур тун, шагьаралдаса къватІивеги лъугьун, Бетаниялде ана ва сордо бан гьенив чІана.

 

ТІад пихъ гьечІеб инжиралъул гъветІ

 

18Нахъисеб къоялъул радакье Иерусалималде вачІунаго, ГІиса вакъана. 19Нухда цо инжиралъул гъветІ бихьана гьесда. Амма аскІове ун халгьабидал, тІанхал гурони, пихъил гороцин батичІо гъотІода.
– ТІокІаб киданиги дуда тІад пихъ бижугеги, – ян абуна ГІисаца гъотІода. Гьеб параялда бакъвана гъветІ. 20ХІикмалъун хутІарал гьесул муридаз абуна:
– Балагье, инжиралъул гъветІ хекко бакъвараб куц!
21ГІисаца гьезда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер рекІелъ божи-иман бугони ва рекІелъе щаклъи лъугьине течІони, доб гъотІода гуребги, гьаб мегІералдаги нужеца абуни, гьаниса бахъун ун ралъдалъе кІанцІеян, мегІер нужее мутІигІлъизе буго. 22Божи-имангун нужеца дугІадулъ гьаранщинаб щвезе буго нужее.

 

«Лъица дуе ихтияр кьураб?»

 

23Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъове вачІун халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби.
– Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? – абун гьикъана гьез ГІисада.
24ГІисаца гьезие жавабалъе абуна:
– Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьаб ихтияр кьурабали. 25Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ?
Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан. 26ГІадамаздасан букІанин абизеги халкъалъукьа хІинкъун руго нилъ, щайгурелъул киназго ЯхІя авараглъун рикІкІунев вукІиндал». 27Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез.
ГІисаца гьездаги абула:
– Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун дица гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали.

 

КІиго васасул мисал

 

28– Гьаб мисалалъул рахъалъ щиб нужеца абилеб? Цо пуланав чиясул вукІун вуго кІиго вас. «Векере, дир вас, нилъерго цІолбол ахикье а жакъа хІалтІизе», – ян абун буго гьес, аскІовеги вачІун, цояв васасда. 29Ина, дир эмениланги, абун, ун гьечІо гьев. 30АскІове вачІун, цогидав васасдаги абун буго гьединго. Инарилан абун буго гьес, амма гьедин абиялдаса ракІ бухІун, ун вуго гьев ахикье. 31Кинав васасха инсул амру тІубазабураб?
КІиабилесилан абуна гьез.
Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги нужеда цере-цере унел руго Аллагьасул ПарччахІлъиялде. 32Щайин гьикъани: битІараб нухдасан вачІун вукІана нужехъе ЯхІя авараг. Нуж гьесда божичІо. Амма магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги божана. Нужин абуни, – гьеб кинабго бихьаниги, нужер ракІ бухІичІо ва кинго гьесда божичІо.

 

ЦІолбол ах ижараялъе кьун тарасул хІакъалъулъ

 

33Цоги мисалалъухъ гІенекке. Цо бечедав чияс цІолбол ах гьабун буго, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев ун вуго. 34ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе рагьтІателал ритІун руго жиндиего кколеб бутІа босизе. 35Амма ижарачагІаз, кквезеги ккун, гьезул цояв вухун вуго, цояв чІван вуго, цогидав ганчІал речІчІун хвезавун вуго. 36Нахъеги ритІун руго гьес рагьтІателал, доздаса гІемерго цІикІкІун. Амма гьезиеги додинго гІакъуба кьун буго ахихъабаз. 37Цинги жиндирго вас витІун вуго ахил бетІергьанас, жиндир васасулгІаги хІурмат гьабилародайилан. 38Амма гьесул вас вачІунев вихьараб мехалъ, ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, ирсги нилъеего хутІила». 39Кквезеги ккун, гьез гьев ахикьа къватІиве рехун вуго ва чІван вуго. 40ХІасил, ахил бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалъ, гьел ижарачагІазе щибдай гьабила гьес?
41Гьелъие жавабалъе ГІисада абуна:
– Квешал гІадамал гьес квешго чІвала. ЦІибил барщарабго жиндие кколеб бутІа босун рачІунел ижарачагІазухъе ахги кьела.
42ГІисаца гьезда абуна:
– ТІехьалда цІаличІищ нужеца:
«Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!»
43Гьале дица нужеда абулеб буго: нужехъа бахъун Аллагьасул ПарччахІлъи кьела гьелъул пихъ барщизабулеб халкъалъе. 44Гьеб ганчІиде вортаравги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго.
45Гьел мисалал рагІидал, чІахІиял кашишзабаздаги фарисеяздаги бичІчІана ГІисаца жидер хІакъалъулъ бицунеб букІин. 46Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал.

 

22 бетІер

 

Бертадул мисал

 

1Мисал бачун, цоги хабар бицана ГІисаца гьезие:
2– Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго васасе бертин гьабулев вукІарав цо парччахІасда. 3Берталъе гІадамал ахІизе рагьтІателал ритІун рукІун руго гьес, амма гьенире рачІине бокьун гьечІо гІадамазе. 4Нахъеги ритІун руго гьес цогидал рагьтІателал, гьезда абейин, квен хІадурун бугин, мачІадалъе хьихьарал оцалги бусбиги хъун ругин, кинабго къачІан бугин, берталъе рачІаян. 5Амма гьеб ахІиялъул агъазги гьабичІого, рахъ-рахъалъ ун руго гьел: цояв жиндирго хуриве ун вуго, цояв даран-базаралъ ун вуго. 6Цогидаз парччахІасул рагьтІателал, кквезеги ккун, инжитги гьарун, чІван руго. 7Гьебмехалъ парччахІасул кутакалда ццин бахъун буго гьезда. Жиндирго боги битІун гъурун руго гьес дол рагьтІателал чІварал гІадамал ва гьезул шагьарги бухІун буго. 8Цинги гьес жиндирго рагьтІателазда абун буго:
– Бертадул тІутІ тІибитІун буго, амма тІотІоде ахІарал гІадамал гьелъие мустахІикъал ратичІо. 9Гьанже къватІахъе-нухазде ун, цеве вата-ватарав чи ваче берталъе.
10КъватІахъе-нухазде ун гьел рагьтІателаз квешалги лъикІалги – цере рата-ратарал рачун рачІуна. Гьедин ахІарал гІадамазул цІун буго бертадул рукъ. 11Берталъе рачІарал гІадамазухъ валагьизе парччахІ жаниве лъугьараб мехалъ, гьесда гьенив вихьун вуго берталъе ретІунеб хасаб партал ретІинчІев цо чи. 12ПарччахІас гьесда абун буго: «Ле, гьудул, берталъе ретІунеб партал ретІинчІев мун гьаниве жаниве кин ворчІарав?» Гьев чи вуцІцІун чІун вуго. 13ПарччахІас гьебмехалъ рагьтІателазе амру гьабун буго гьев чи, квералги бохдулги рухьун, дове бецІаб къотІнове рехеян. ГІодулел ва цаби къерщезарулел рукІина дора гІадамал. 14АхІарал гІезегІан ругониги, тІаса рищарал дагь гурони гьечІелъулха!

 

ГІисае кьолел суалалги гьесул жавабалги

 

Къайсарасе магъало кьеялъул хІакъалъулъ

 

15Гьениса къватІире рахъун фарисеял данделъана ГІисал кІал таризабизе щибдай ургъун лъикІилан. 16Гьез жидерго муридалги гьеродилалги[23] ритІана ГІисахъе. Гьез абуна:
– Я, МугІалим! Нижеда лъала мун ритІухъав чи вукІин. Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. Лъилниги мурад цІунун, гьесие хІелиги дур пикруялда рекъоларо. Чи вихьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо. 17Гьединлъидал, бице нижеда. Дуда кин ракІалде кколеб: Мусал Къануналда рекъон бегьулебищ къайсарасе магъало кьезе яги бегьуларебищ?
18Гьезул хІилла-макру бичІчІун, ГІисаца абуна:
– ГІай, нуж ххвелал гьарулел чагІи! Щай нужеца дир хІалал рихьулел? 19Магъалоде кьезе кколеб цо гІарац босе гьанибе дихъе.
Гьез гьесухъе цо динар босун бачІуна.
20ГІисаца абуна:
– Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб?
21Къайсарасул бугилан абуна гьез.
– Гьедин батани, къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, – ян абуна ГІисаца гьезда.
22Гьеб жавабалъ хІикмалъизарурал гьел, живго гьевги тун, нахъе ана.

 

Хварал тІаде рахъинариялъул хІакъалъулъ

 

23Гьебго къоялъ ГІисахъе рачІана саддукеял абулел, къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналда божуларел гІадамал, ва гьез ГІисада гьикъана:
24– Я, МугІалим! Мусаца абун буго: «Лъимер-бетІерги гьечІого цо пуланав чи хвани, гьесул вацас ячине кколин жиндирго вацасул къоролай, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине». 25Нижер вукІана анкьго вац. ЧІужу ячун хадув хвана бищун кІудияв вац. Гьезул лъимер-бетІер лъугьун букІинчІелъул, хадусев вацас ячана гьесул йикІарай чІужу. 26Гьединго ккана иш кІиабилесулги, лъабабилесулги, анкьабилесде щвезегІанги. 27Ахиралда хвана гьей гІаданги. 28Къиямасеб къоялъ гьев анкьавго вацасда гьоркьоса лъил чІужулъун гьей йикІине йигей? Анкьасулго лъади йикІиндалха гьей.
29Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна:
– Я ТІухьдузда бугеб лъангутІиялъ, я Аллагьасул къудраталда божунгутІиялъ къосинарун руго нуж. 30Къиямасеб къоялъ чІаголъаразул я лъудби, я росал рукІине гьечІо, зобалазда ругел малаикзабазул гІадинаб гІумру букІине буго доба гьезулги. 31Хварал чІаголъизе рукІиналъул хІакъалъулъ цІаличІебищ нужеца Аллагьас нужеда абураб гьадинаб калима: 32«Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь»? Аллагь – гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго.
33Гьесухъ гІенеккараб халкъ гІажаиблъун хутІана ГІисал рагІабазда.

 

Бищунго аслияб амруялъул хІакъалъулъ

 

34ГІисаца саддукеял руцІцІун чІезарунилан рагІидал, фарисеял данделъана. 35Гьезда гьоркьоса цо динияв гІалимчияс, ГІисал хІалбихьизелъун, гьесда гьикъана:
36– Я, МугІалим! Къануналда бищунго аслияб амру щиб кколеб? – абун.
37ГІисаца гьесда абуна:
– «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун». 38Гьеб ккола бищунго аслияб ва тІоцебесеб амру. 39Гьелдаго релълъараб буго кІиабилебги: «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». 40Гьеб кІиябго амру буго тІолабго Мусал къануналъулги аварагзабазул ТІухьдузулги кьучІ.

 

«Давудил вас гуро МасихІ»

 

41Фарисеял гьенире данделъараб мехалда, ГІисаца гьезда гьикъана:
42МасихІил хІакъалъулъ щиб пикру нужер бугеб? Лъил вас гьев?
Давудил василан жаваб кьуна гьез.
43ГІисаца гьезда абуна:
Илагьияб РухІалъ малъун, Давудица щайха гьев жиндир БетІергьанлъун рикІкІунев вугев? Давудица абуна: 44«ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“». 45Гьедин Давудица жинцаго МасихІиде жиндир БетІергьанилан абулеб бугеб мехалъ, Давудил вас кин гьев кколев?
46Лъиданиги кІвечІо ГІисае жаваб кьезе, ва гьеб къоялдаса нахъе лъилниги бахІарчилъи гІечІо гьесда щибниги гьикъизе.

 

23 бетІер

 

Диниял гІалимзабиги фарисеялги какараб вагІза

 

1Гьебмехалъ халкъалдехунги жиндирго муридаздехунги ГІисаца абуна:
2Муса аварагасул михІрабалде рахун кІалъалел руго гьанже диниял гІалимзабигифарисеялги. 3Гьединлъидал гьезухъ гІенекке ва гьез абурабщинаб гьабе нужеца. Амма гьез гьабураб гьабуге. Гьез абулебги гьабулебги данде кколарелъулха. 4Гьез раччи бакІлъизабулеб буго ва гьеб гІадамазул мугъзада лъолеб буго. Жидецагойин абуни гьелда биччун килищцин хъвалеб гьечІо. 5Хириял рагІаби тІад хъварал чалуялги[24] гІеблъизарун, гІабаялъул гІертелалги[25] халалъизарун, кинабго гьез гьабулеб буго гІадамазда бихьизелъун. 6Гьезие бокьула гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе ва синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе, 7базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе ва гІадамаз жидеда мугІалимзабийилан абизе. 8Амма нужедаго мугІалимзабийилан абизе биччаге нужеца. Щайин абуни, МугІалим цо вуго нужер, нуж киналго вацал руго. 9Гьаб ракьалда лъиданиги эмениланги абуге, цо вуго нужер Эмен – зобалазда вугев Эмен. 10Нужедаго насихІатчагІийилан абизеги биччаге, гІицІго МасихІ вуго нужер НасихІатчи. 11Нужер бищунго кІудияв нужее хъулухъалъе чІа абе. 12Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъизе вуго, гІодовегІанлъизавурав тІадегІанлъизе вуго.
13Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Зобалазул ПарччахІлъиялъул нуцІа рахана нужеца гІадамазда цебе: нужгоги лъугьунел гьечІо гьенире, лъугьине бокьаралги риччалел гьечІо.
14-15Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Ралъадалги ракьалги тирула нужеца, цогІаги чи диналде вуссинародайилан. Амма диналде вуссун хадув, нужеца гьев, нуж кІигогІан цІикІкІараб даражаялда, жужахІалъул агьлулъун лъугьинавула.
16Балагьги гІазабги нужее, бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал! Нужеца абула: «Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон бараб гьа бихханиги бегьулилан, амма Мукъадасаб Рокъоб бугеб меседалхІайин бараб гьа биххизе бегьуларилан». 17Бецал гІабдалзаби руго нуж. Мукъадасаб Рукъищ хирияб бугеб, яги Мукъадасаб Рукъалъ жиб хиралъизабураб меседищ? 18Нужеца цоги абула: «Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул цІар рехсон гьедараб гьа бихханиги бегьулилан, амма гьениб лъураб къурбаналхІаян гьедараб гьа биххизе бегьуларилан». 19Бецукал руго нуж! Къурбаналъул гьан лъолеб бакІищ хирияб, яги гьеб бакІалъ хиралъизабураб къурбанищ? 20ХІакъикъаталдаги къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул цІар рехсон гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ гьениб лъун бугебщинабги рехсолеб бугогури. 21Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ гьеб рукъалъул БетІергьанасул цІарги рехсолеб бугогури. 22ЗобалхІайилан гьедулаго, гьев чияс гьелдаго цадахъ зобалазда бугеб тахги тахида вугевги рехсолел ругогури.
23Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Нужеца садакъаде кьола сагІаналъул, анисалъул ва мучариялъул анцІил бутІа[26], амма Къануналъул бищунго аслиял ритІухълъиги, рахІму-хІелмуги, Аллагьасде иман лъейги нужеца рехун тун руго. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги рехун тезе бегьуларо. 24Бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал руго нуж! КІкІара ургьибе ккелебилан хІинкъун, лъим цІцІула нужеца, амма варанаби къулчІулел руго.
25Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Нужеца суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, гьелъул жаниса рахъ цІун буго зулмуялдалъунги хъантІиялдалъунги бакІараралъул. 26Ле бецав фарисеяв, цин дуца суркІа-щурун жаниса бацІцІад гьабе, гьелъул къватІисахун рахъги бацІцІалъизе.
27Балагьги-гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! ХъахІаб лажбар бахараб хобалда релълъуна нуж. КъватІисахун гьеб берцинго бихьула, амма гьелда жанибин абуни, хварасул ракьа-макъарги цогидаб хъублъиги букІуна. 28ТІасан ралагьун, гІадамазда ккола нуж вализаби ратилилан, амма жаниса нуж ххвелазул ва пасалъиялъул цІун руго.
29Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Цересел аварагзабазул хобазда тІад мазарал гьарулел руго нужеца, вализабазул хобазда занал чІвалел руго. 30Нужеца абулеб буго, дол умумузул заманаялъ ниж рукІаралани, аварагзабазул би гІодобе тІеялъулъ нижеца гІахьаллъи гьабилароанилан. 31Гьелдалъун нужеца нугІлъи гьабулеб бугогури дол аварагзаби чІваразул васал нуж рукІиналъе. 32Умумузул мунагьазул къолода тІаде рикьиги балеб буго нужеца.
33Гьай, чІегІераб борхьил наслу! ЖужахІалъуре рехизе бугеб хІукмуялдаса кире нуж рорчІилел?! 34Гьале дица нужехъе ритІулел руго аварагзабиги, гІакъилзабиги, гІалимзабиги. Гьезул цоял нужеца чІвазе ва хъанчида разе руго. Цогидал нужерго синагогабазда жанир цІалаца рухизе руго, цо шагьаралдаса цогидалде лъутизаризе руго. 35Дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб тІолабго бацІцІадаб бидул хІакъ нужеда тІаде ккезе буго. ВацІцІадав Гьабилидаса байбихьун, цинги Мукъадасаб Рукъалъул минаялдаги къурбан хъолеб бакІалдаги гьоркьов шагьидлъарав Барахиял вас Закарияде щвезегІан нужеца чІварал аварагзабазул би буго гьеб. 36ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьаб умматалде тІаде ккезе буго дозул бидул хІакъ.

 

ГІисаца бицунеб буго Иерусалималъул хІакъалъулъ

 

37Вай Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо. 38Балагьея, нужер Хирияб Рукъ чІобого хутІила. 39«БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги», – ян нужеца абизегІан вихьиларо нужеда дун гьанжеялдаса хадув.

 

24 бетІер

 

Дуниялалда ккезе бугелъул хІакъалъулъ

 

Мукъадасаб Рукъ щущазабизе буго

 

1ГІиса Мукъадасаб Рокъоса къватІиве лъугьун нахъе унаго, муридал гьесда аскІоре рачІана гьаб Мукъадасаб Рукъалъул кІодолъи бихьуларищилан. 2ГІисаца гьезда абуна:
– Гьаб кинабго бихьулищ? ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ганчІида лъураб цониги гамачІ хутІиларо гьаниб кІалагъоркье чІвачІого.

 

Балагьал гІемерлъизе руго

 

3Цинги Зайтуналъул магІарда гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, батІаго гьесда аскІоре рачІун, муридаз гьарана:
– Гьаб дуца абулеб бугебщинаб иш кида лъугьине бугебали ва мун вачІиналъулги дуниял ахирлъиялъулги гІаламатал кин загьирлъулелали бице нижеда.
4ГІисаца абуна:
– Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж! 5Чанги вукІине вугелъулха жив МасихІ вугилан вачІунев чи. Чангиял гьез къосинаризеги руго. 6Рагъал ккун ругилан ва ккезехъинги ругилан рагІизе буго нужеда. Воре, нуж хІинкъуге гьелдаса. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, ва гьеб жеги ахирзаман гуро. 7Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. БакІ-бакІалда ракъи баккила, ракь багъарила. 8Гьеб кинабго ккола лъимер гьабизе хІара чІваялъул гІадинаб унтиялъул байбихьи.
9Гьебмехалъ нуж рачина гІазаб-гІакъуба кьезе ва чІвазе. Дун сабаблъун тІолабго гІаламалда рихина нуж. 10Гьебмехалъ гІемерисел гІадамал къосина, цоцазе хилиплъила, цоцазда рихина. 11ГІемерал гьересиаварагзаби рахъина, гьез гІемерисел къосинарила. 12Пасалъи цІикІкІиндал, гІемерисезул рокьи ссун ина. 13Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила. 14Ва ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ гьаб Рохалил хабар тІолабго дуниялалдаго лъазабила, киналго халкъазе нугІлъун букІине. Гьебмехалъин ахир букІунеб.
15Даниял аварагасда Аллагьас бицараб чІунтелалъул къабихІлъи хирияб бакІалда бихьила нужеда, – цІалулесда лъалин гьелъул магІна – 16гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругелал. 17Гьеб къоялъ тІохда вугев, рокъоса къваригІараб-тараб босизе, гъоркье рещтІунгеян абе. 18Хурив вугевги жиндирго ретІел босизе нахъвуссунгеян абе. 19Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! 20Хасало яги шамат къоялъ лъутизе ккогегиян гьари-дугІа гьабулел рукІа нуж. 21Щаян абуни, гьебмехалъ рещтІине буго дуниял бижаралдаса гьанжелъагІан букІинчІеб ва хадубккун букІине къотІиги гьечІеб кІудияб балагь. 22Гьел къоял къокълъизаризе Аллагьасул къадар букІинчІебани, цониги рижи хвасарлъизе букІинчІо. Амма жинцаго тІаса рищарал гІадамазе гІоло гьел къоял къокъ гьаризе хІукму буго.
23Гьебмехалъ нужеда лъицаниги абуни, МасихІ гьале гьанив вугилан, яги дова вугилан, воре, нуж гьелда божуге. 24Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Чанги кІуди-кІудиял гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез, бажарани, тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун. 25Гьеб кинабго цебеккунго лъазабун толеб буго дица нужеда!
26Доле МасихІ гІицІаб авлахъалда вугин абуни, гьениреги унге нуж, гьале рокъов жанив вахчун вугин гьевилан рагІани, гьелдаги божуге. 27Бакъбаккудаса бакътІерхьуде щвезегІан тІолабго зоб гвангъизабулеб пири гІадин вачІина ГІадамил Лъимер.
28Балкан бугеб бакІалде чудкал ракІарула.

 

ГІадамил Лъимер кІиабизеги вачІине вуго

 

29Дол къоязул гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб гьебсагІатго бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина. ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила. 30Ва гьебмехалда зодиб лъугьина ГІадамил Лъимадул гІаламат. Ва дуниялалъул киналго халкъал гІодила, гьезда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. 31Гьебмехалъ ссур пулеб гьаракь бахъина. Жинца тІаса бищараб агьлу зобалазул гьаб рагІалдаса бахъараб добцояб рагІалде щвезегІан – ункъабго рахъалдаса бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес.

 

Инжиралъул гъотІол мисал

 

32Нужеца мисалалъе босе инжиралъул гъветІ. Гьелъул гІаркьалабазда гІекІ базе ва тІамах бижизе байбихьараб мехалъ, нужеда лъала рии тІаде щолеб бугеблъи. 33Гьелдаго релълъун, гьел гІаламатал рихьараб мехалъ, нужеда лъала гьеб нуцІикІалтІе щун бугеблъи. 34ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго. 35Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго.
36Амма цониги инсанасда лъаларо гьеб къо, гьеб сагІат кида тІаде щвезе бугебали. Я зобалазул малаикзабазда лъаларо, я Васасда лъаларо, гьеб лъала гІицІго Инсуда.

 

«Нуж рорчІуда чІа!»

 

37НухІ аварагасул заманаялда букІараб гІадин букІине буго ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъги. 38ТІупан тІелалде, кваналел-гьекъолел, лъудби рачунел, россабазе унел рукІана дол къоязда гІадамал, НухІ гамида жаниве лъугьинегІан. 39ТІупан тІун, гьелъ росун инегІан, щибниги лъалеб жо букІинчІо гьезда. Гьедин букІина ГІадамил Лъимер вачІиндалги. 40Гьебмехалъ хурив векьарилев вугев кІигоясул цояв вачина, цогидав хутІила. 41Гьабихъ гІатІ ххенолей йигей кІиго чІужугІаданалъул цояй ячина, цогидай хутІила.
42Гьединлъидал нуж рорчІуда чІа, нужеда лъаларелъул нужер ТІадегІанав кида вачІиневали. 43Рукъалъул бетІергьанасда лъалеб бугони цІогьор вачІунеб заман, рорчІи ккун, гьес цІогьор жаниве лъугьине виччаларевлъи лъала нужеда. 44Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер.
45Жиндир рагьтІателазе бетІерлъи гьабеян ва гьезие ригь-ригьалда квен-тІехги чІезабеян тарав рагьтІател, 46гьесул бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалда ритІухъго ва цІодорго хІалтІулев вукІин гьесда лъани, – гьардарав гурищ гьединав рагьтІател. 47ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бетІергьанас гьединав рагьтІателасда божун тела жиндир тІолабго магІишат.
48Амма гьедин тарав квешав рагьтІател, жиндирго бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун, 49живго гІадал рагьтІателал рухизе-кьабизе лъугьани ва гьекъолдухъабигун кваналев-гьекъолев чІани, щиб ккелеб? 50Гьесда ракІалдаго гьечІеб къоялъ ва вачІиниланго ккечІеб сагІаталъ тІаде рехун вачІина гьесул бетІергьан. 51КІихІи хъвалхьина гьес гьев рагьтІател. Ххвелал гьарулесул можоро бахъараб гІадин ккела гьесул иш. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьединал гІадамал.

 

25 бетІер

 

АнцІго ясалъул мисал

 

1Гьебмехалъ Зобалазул ПарччахІлъи релълъине буго бахІарасда дандчІвазе сардилъ нахул чирахъалгун бахІаралъул бакІалде арай анцІго ясалда[27]. 2Гьезул щугояй тохай йикІун йиго, щугояй цІодорай йикІун йиго. 3Тохал ясаз чирахъал росун руго, чирахъазухъе тІезе нах цадахъ босун гьечІо. 4ЦІодоразин абуни, пурччби цІун нахги босун буго чирахъазда цадахъ. 5БахІарав кватІун вуго, гьесда дандчІвазе арал киналго ясалги гъапуллъун ккун руго, цинги кьижун ккун руго гьел. 6Сордо бащалъараб мехалъ, цо ахІи бахъун буго, гьале бахІарав вачІунев вугин, гьесда дандчІвазе рахъаян. 7Гьебмехалъ, тІаде рахъун, киналго ясал чирахъал рекъе-решезаризе лъугьун руго. 8Тохал ясаз цІодоразда абун буго жидер чирахъазухъе тІезе нах кьейин, гьел свинехъин ругилан. 9ЦІодорал ясаз гьезда абун буго, кІиязего хвараб гьабичІого, нужерго чирахъазе нах босизе нуж тукаде ун лъикІилан. 10Нахуда хадур гьел араб мехалъ, бахІарав вачІун вуго. ХІадурго чІун ратаралги цадахъ рачун, бахІарав бертадул рокъове лъугьун вуго. Нахъасан нуцІаги рахан буго. 11Цинги рачІун руго дол ясал.
– Я, бетІерчІахъад! Я, бетІерчІахъад! НуцІа ричІе нижее, – ян ахІдезе лъугьун руго гьел.
12– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида лъалел чагІи гуро нуж! – абун жаваб кьун буго бахІарас.
13Гьединлъидал, рорчІуда чІа нуж: я къо, я сагІат лъаларелъул нужеда.

 

Меседил гъурщазул мисал

 

14Цоги гьеб релълъинабизе бегьула сапаралъ иналде, ахІун рагьтІателалгун, гьезухъе цІунизе жиндирго боцІи-рикъзи кьурав цо пуланав чиясда. 15Цоясухъе гьес кьун буго щуазарго месед, цогиясухъе – кІиазарго месед, лъабабилесухъе – азарго месед, – щивасухъе гьесул бажари-гьунаралда рекъон. Цинги сапаралъ ун вуго. 16Щуазарго месед щварас, гьебсагІат инеги ун, гьелдасан щуазаргоги месед хайирлъизабун буго. 17КІиазарго щварас гьединго кІиазаргоги месед хайирлъизабун буго. 18Азарго месед щварас, инеги ун, бухъун гвендгун, ракьулъ бахчун буго жиндирго бетІергьанасул месед.
19Гьелдаса гІемераб заман индал, тІадвуссун вачІун, гьезул бетІергьанас рагьтІателал ахІун руго доб меседалъул хІисаб-суал гьабизе. 20Щуазарго месед жиндихъе кьун букІарав рагьтІателас, вачІун гьесда абун буго: «Гьале, бетІерчІахъад, дуца дихъе кьун букІараб щуазарго месед, гьале гьелдасан хайирлъараб щуазарго меседги». 21Гьесул бетІергьанас абун буго гьебмехалъ: «ХІалчІахъаги дур, дир лъикІав ва ритІухъав рагьтІател, гьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе ритІухълъи бихьизабидал, кІудиябги божун тела дуда. Дурго бетІергьанасулгун рохел гІахьал гьабе». 22КІиазарго месед жиндихъе кьун букІарав дов рагьтІателас вачІун гьесда абун буго: «Гьале, бетІерчІахъад, дуца дихъе кьун букІараб кІиазарго месед, гьале гьелдасан хайирлъараб кІиазарго меседги». 23Гьесул бетІергьанас абун буго гьебмехалъ: «ХІалчІахъаги дур, дир лъикІав ва ритІухъав рагьтІател, гьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе ритІухълъи бихьизабидал, кІудиябги божун тела дуда. Дурго бетІергьанасулгун рохел гІахьал гьабе». 24Азарго месед жиндихъе кьун букІарав рагьтІателас вачІун гьесда абун буго: «Я, бетІерчІахъад! Дида лъалаан мун дуцаго бекьичІеб лъилъулев, дуцаго кІутІичІеб бищулев, согІав чи вукІин. 25Дукьа хІинкъун, дица доб азарабго месед ракьулъ бахчун тун букІана. Гьале нахъе босе дурго гьаб». 26«Гьай, квешав ва кІвахІалав рагьтІател! – ан абун буго гьесул бетІергьанас. – Дуда лъалеб букІун буго дицаго бекьичІеб лъилъулев, дицаго кІутІичІеб бищулев чи дун вукІин. 27Гьединлъидал дуца гьаб дир месед базаргабазухъе къарзалъ кьезе кколаан. Жакъа тІадвуссун вачІараб мехалъ, хайиргун цадахъ нахъе щвелаангури гьеб дихъе». 28Цинги абун буго, гьасухъаги босун, гъоб азарабго месед дов анцІазарго месед бугесухъе кьейилан.
29«Кодолъи бугевщинасе, гІунги тІокІлъиледухъ, тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. 30Гьев пайда гьечІев рагьтІател дове бецІаб къотІнове рехе. ГІодилел ва цаби къерщезарулел рукІина дора гІадамал».

 

МасихІица суд гьабила

 

31Киналго малаикзабигун цадахъ жиндирго хІалкІолъигун ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, къудраталъул тахида гІодов чІела гьев. 32Киналго халкъал данделъила гьесда цере гьебмехалъ, ва вехьас чахъабиги цІцІаниги ратІа гьарулел гІадин, цоцаздаса ратІа гьарила. 33Чахъаби гьес жиндирго кваранаб рахъалда чІезарила, цІцІани квегІаб рахъалда чІезарила. 34Гьебмехалъ ПарччахІас кваранаб рахъалда ругезда абила: «Ле, дир Инсул баркат лъурал гІадамал, дуниял бижаралдаса нахъего нужее къачІан букІараб ПарччахІлъи босизе рачІа. 35Щайин абуни, дун вакъун хутІидал – нужеца кваназавуна, къечон хутІидал – гьекъезавуна, сапаралда вукІун, къотІнов хутІидал – рокъове вачун, гьоболлъи гьабуна. 36ТолохІочон хутІидал – нужеца дие ретІел кьуна; дун унтараб мехалъ – нуж диде раккизе рачІана; дун туснахъалъуве ккедал – нуж дихъе хьвадана».
37Гьел муъминзабаз абила: «Я, БетІерчІахъад! Вакъун ватун – кида нижеца мун кваназавурав? Къечон ватун – кида гьекъезавурав? 38КъотІнов ватун – кида нижеца мун рокъове вачарав? ТолохІочон ватун – кида нижеца дуе ретІел кьураб? 39Унтун яги туснахъалъув ватун – кида ниж духъе рачІарал?»
40ПарччахІас, гьезие жаваб кьун, абила: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир бищунго гІисинал вацазул цоясениги нужеца гьабурабщинаб, гьеб буго дие гьабураб лъикІлъи».
41КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а. 42Дун вакъун хутІидал – кваназавичІо нужеца, къечон хутІидал – гьекъезавичІо. 43Сапаралда вукІун дун къотІнов хутІидал – рокъове вачун, гьоболлъи гьабичІо нужеца, дун гІицІтолохІоч хутІидал – ретІине ретІел кьечІо, дун унтараб мехалъ ва туснахъалде ккедал – дихъе рачІинчІо нуж». 44Гьебмехалъ дозги гьесда абила: «Я, БетІерчІахъад! Вакъун хутІун – кида мун нижеда ватарав? Къечон хутІун – кида ватарав? КъотІнов хутІун, яги гІицІтолохІоч хутІун, яги унтун, яги туснахъалде ккун – кида мун нижеда ватарав? Кида нижеца дуе хъулухъ гьабичІеб?»
45Гьес жаваб кьела: «ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бищунго гІисиназул цоясениги гьабичІебщинаб, гьеб буго нужеца дие гьабичІого тараб лъикІлъи». 46Гьединазе букІина абадияб тамихІ, ритІухълъаразе букІина абадияб гІумру!

 

26 бетІер

 

Ягьудиязул кашишзаби ургъула ГІиса тІагІинавизе

 

1Гьеб хабар бицун лъугІараб мехалъ, жиндирго муридазда ГІисаца абуна:
2– Нужеда лъалаха кІиго къоялдасан Пасхаялъул байрам букІине бугеблъи. Гьеб къоялъ ГІадамил Лъимадуе хилиплъизе руго ва гьев хъанчида вазе вуго.
3Кайафа абун жинда цІар бугев бищунго кІудияв кашишасул кІалгІаялъуре данделъун рукІана гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги. 4Гьез хІукму гьабуна, хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун, ГІиса чІвазавизе кколилан. 5Амма байрамалъул къоялъ бегьиларин, халкъалъул дандечІей багъаризе бегьулилан абулеб букІана гьез.

 

Цо чІужугІаданалъ ГІисае гьабураб лъикІлъи

 

6Барасалъ унтарав Симон абулев чиясул бакІалда Бетаниялда кваназе гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, 7цІакъ къиматаб ва бацІцІадаб махІгьуинаб нахул цІураб щагІил сурахІиги босун ячІарай цо пуланай чІужугІаданалъ, гьеб гьесул ботІроде чІехьола. 8Гьеб бихьараб мехалъ, ГІисал муридазул ццин бахъана:
– Щай гьабгощинаб нах гІадада хвезабулеб? 9Гьеб нахги хирияб багьаялде бичун, гьелъухъ щвараб гІарац мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан.
10Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца гьезда абуна:
– Щай нужеца гьей къварид гьаюлей? Дие лъикІлъи гьабулейлъидал гьей йигей. 11Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор. Дунин абуни, кидаго гуро нужгун вукІунев. 12Дир черхалда тІаде махІгьуинаб нахги тІун, гьей чІужугІаданалъ хабалъейин дун къачІалев вугев. 13ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІолабго дуниялалда гьеб Рохалил хабар лъазабунщинаб бакІалда бицен букІине буго, гьай гІаданги ва гьалъ дие гьабураб лъикІлъиги ракІалде щвезабун.

 

Ягьуда Искариот ГІисае хилиплъула

 

14Гьебмехалъ анцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вукІарав Ягьуда Искариот абулев чияс, чІахІиял кашишзабазухъе ун, гьезда гьикъана:
15– ГІиса дица нужер кверде кьуни, щиб нужеца дие кьелеб? – ан.
Лъеберго гІарцул гъурущ кьезе къотІи гьабуна гьез Ягьудае. 16Гьелдаса нахъе Ягьудаца балагьулеб букІана ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб бакІги заманги.

 

Пасхаялъул квен

 

17РеччичІел Панкъазул Байрамалъул тІоцебесеб къоялъ, ГІисахъе рачІун, муридаз гьикъана:
– Пасхаялъул квен киб кваназе дуе бокьилеб? Нижеца хІадур гьабила гьеб.
18ГІисаца абуна:
– Шагьаралда вугев цо пуланав чиясухъе ун, гьесда абе нужеца, жиндир болжалги гІагарлъун бугелъул, Пасхаялъул байрам жиндирго муридазда цадахъ дур бакІалда тІобитІилин абизе ритІанин ниж нижер МугІалимасилан.
19ГІисаца абурабги тІубазабун, гьез пасхаялъул квенги хІадур гьабуна.
20Дуниял рукІкІараб мехалъ вачІун, анцІила кІиявго муридасда цадахъ кваназе гІодов чІана ГІиса. 21Кваналел рукІаго, гьес абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер цояв дие хилиплъила.
22Кутакалда пашманлъана гьел. Цин-циял рахъун цІехана:
– Я, БетІерчІахъад! Дун гуро гурищ? – абун.
23ГІисаца гьезда абула:
– Дида цадахъ гьаб гъадринибе квер бегьулев вугев чи хилиплъизе вуго дие. 24ГІадамил Лъимадул иш ккезе буго ТІухьдузда хъван бугеб куцалда. Амма квешаб балагь рещтІине бугебха ГІадамил Лъимер тушбабазул кверде кьурав чиясде. Дуниялалда вижичІевани лъикІан гьесие.
25Гьесие хилиплъарав Ягьудаца гьикъана гьебмехалъ:
– Дун гуро гурищ, Рабби[28]? – ян.
ГІисаца гьесда абуна:
– Дуца абулеб бугоха гьедин.
26Гьедин кваналел рукІаго, ГІисаца, цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун муридазухъе кьолаго, абуна:
– Босе, кванай. Гьаб буго дир черх.
27Цинги, чогърол цІураб щурунги кодобе босун, Аллагьасе реццги гьабун, гьезухъе кьолаго, ГІисаца абуна:
– Кинацаго гьекъе гьаб щурумалъуса. 28Гьаб буго киназулго мунагьал чуризе гІоло тІолеб дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. 29Дица нужеда абулеб буго: дир Инсул ПарччахІлъиялда цІияб чагъир нужеда цадахъ гьекъолеб къо тІаде гІунтІизегІан, дица гьаб цІолбол цІураб жа тІокІаб гьекъезе гьечІо.
30Цинги гьез туркаби ахІана, гьениса рахъун ун, Зайтуналъул магІарде рахана.

 

«Дуца дидаса инкар гьабила»

 

31Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абула:
– Дида аскІоб яхІ рехараб жо гьабизе буго къаси нужеца кинацаго. ТІехьалда хъван бугелъул:
«Дица вехь чІвала, гІиял рехъенги рахъ-рахъалде тІурун ина».
32Хун тун хадув чІаголъараб мехалъ нужедаса цеве щвела дун Галилеялде.
33Пётрица гьесда абуна:
– Киназго яхІ реханиги, дица киданиги яхІ рехиларо.
34ГІисаца гьесда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гьанже радакье хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабизе буго дуца дидаса.
35Пётрица гьесда абуна:
– Дуда цадахъ хвезе кканиги, дица дудаса инкар гьабизе гьечІо, – ян.
Гьедин абулеб букІана киналго цогидал муридазги.

 

Гетсемания ахикь ГІисал гьари-дугІа

 

36Цинги ГІиса гьезда цадахъ Гетсемания абулеб бакІалде уна. Гьес муридазда абула:
– Нуж гьанир гІодор чІун рукІа, дове ун, Аллагьасе гьари-дугІа гьабун дун вачІинегІан.
37Пётрги Зебедайил кІиявго васги рачана ГІисаца жиндаго цадахъ, ва гьев ккана къваридаб ва пашманаб ургъалилъе. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абула:
38– Хвалил гІазаб буго дир рекІее. Нуж гьанир дида цадахъ рукІа ва рорчІуда чІа.
39Цинги, дагьав довегІанги ун, кІалагъоркьеги речІчІун, гьари-дугІаялда абулеб букІана гьес:
– Я, дир Эмен! Бегьулеб батани, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте.
40ТІадвуссун вачІиналде, муридал кьижун ратана. Гьес Пётрида абуна:
– Цо сагІаталъ дида цадахъ кьижичІого чІезе кІолеб букІинчІебищ нужеда? 41Воре, нуж рорчІуда чІа! Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. Инсанасул рухІ – лебалаб, черх – загІипаб.
42Нахъеги довегІанги ун, гьари-дугІа гьабуна:
– Я, дир Эмен! Гьеб хвалил лълъар дица гьекъечІого гІолареб батани, дуе бокьухъе букІине биччанте.
43Гьанжеги тІадвуссун щведал, ГІисада гьел ратула, беразул тІелхал бакІлъун, кьижун ккун. 44Гьелги жалго тун, нахъеги довегІанги ун, лъабабизеги гьари-дугІаялда долго рагІаби абизе лъугьана ГІиса. 45Цинги тІадвуссун вачІун, гьес муридазда абуна:
– Нуж жеги рахІаталда кьижунищ ругел? Гьале тІаде гІунтІана доб ГІадамил Лъимер мунапикъзабазул кверде кьолеб сагІат. 46Гьа, рахъа, доле хиянатчи тІаде щолев вугин.

 

ГІиса ккун вачун уна

 

47ГІисаца гьедин абулаго, гьале тІаде щвана Ягьуда – дол анцІила кІигояздасан цояв. Гьесда цадахъ хвалчабигун, тІилалгун тІаде бачІунеб букІана чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги битІараб гІемераб халкъ. 48Хиянатчияс гьезда лъазабун букІана: «Дица убач гьабурав чи ГІиса вукІина. Цинги ккве нужеца гьев». 49Ягьуда битІун ГІисада аскІове уна.
– Ассаламу гІалайкум, Рабби! – янги абун, ГІисада убач гьабула.
50ГІисаца гьесда абула:
– Дурго мурад тІубазабе, гьудул, гьанже.
ГьебсагІат тІадречІчІун гІадамаз ГІиса къан ккола.
51Гьебмехалъ ГІисал цо муридас лъалиниса бахъун хьвагІараб хвалчаца цо чиясул (гьев вукІана бищунго кІудияв кашишасул рагьтІател) гІин къотІун рехула. 52ГІисаца гьев муридасда абуна:
– Хвалчен лъалиниб лъе! Хвалчен бахъарав хвалчадалъун хвезе вуго. 53Дие кумекалъе гьабсагІат малаикзабазул анцІила кІигоялдаса цІикІкІун бо битІеян дирго Инсуда гьаризе дида кІоларебиланищ дуда ракІалде кколеб? 54ТІухьдузда хъвавухъе лъугьинарогури гьебмехалъ.
55ГьебсагІаталъ ГІисаца гьел гІадамаздехун вуссун абуна:
– Хвалчабигун, тІилалгун хъачагъасде гІадин кІанцІанагури нуж дун кквезе. Щибаб къоялъ халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев Мукъадасаб Рокъов гІодов чІун вукІунаангури дун, гьениб нужеца диде квер борхичІо. 56Амма гьаб кинабго лъугьунеб буго аварагзабазул ТІухьдузда хъвараб ритІухълъизелъун.
Гьебмехалъ киналго муридал, вукІаралъув гьевги тун, лъутун уна.

 

ГІиса тІадегІанаб судалда цеве чІезавула

 

57Гьез ГІиса вачана Кайафа абулев бищунго кІудияв кашишасул бакІалде. Гьенир данделъун рукІана диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. 58Пётрги вукІана нахъа-нахъа чІун вачІунев, ва гьездаго хадув цун, бищунго кІудияв кашишасул азбаралъухъе щвана гьев. Жаниве лъугьун, гІодов чІана.
59Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги тІолабго тІадегІанаб судалъги балагьулеб букІана ГІиса чІвазе къотІиялъе гІураб гІайиб гьесде гІунтІизабизе гьересинугІлъи. 60Амма гьеб гьезухъе щолеб букІинчІо, гьересинугІлъиялъе гІезегІанго гІадамал гьенире рачІунел рукІаниги. Амма ахиралда кІиго чи вачІун, 61гьез бицана, гьас абулеб букІанин Аллагьасул Мукъадасаб Рукъ щущазабизе ва лъабго къоялде цІидасан гьеб базе кІолин жиндаян. 62Гьебмехалъ, тІаде вахъун, бищунго кІудияв кашишас ГІисада гьикъана:
– Дуда данде нугІлъи гьабун гьаз бицунеб бугеб жоялъе жаваб кьезе рагІигойищ дур гьечІеб?
63ГІиса вуцІцІун чІун вукІана. Бищунго кІудияв кашишас гьесда абуна:
– ХІакъав Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дица дуда: Аллагьасул Вас МасихІ мун ватани, вугилан абе нижеда.
64ГІисаца гьесда абуна:
– Дуцаго абулеб бугоха гьедин, амма дица нужеда абулеб буго: гьанжеялдаса хадув ГІадамил Лъимер нужеда вихьила Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІунев.
65Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашиш, жиндаго тІад букІараб ретІелги тІутІун балаго, ахІдезе лъугьана:
– Гьас гІасиял-пасикъал жал рицунел руго. ТІокІалги сундуе нилъее нугІзал къваригІарал? Гьале гьабсагІат рагІанагури гьасул гІасиял-пасикъал рагІаби. Щиб пикру нужер бугеб?
66Киназго абуна гьев чІвазе къотІизе кколилан.
67Цинги гьел ГІисал бадире тударизе, гьев вухизе лъугьана.
68– Мун авараг ватани, лъица кьабурабали бице, МасихІ! – анги абун, гьесул кІаркьен чІвалаан.

 

Пётрица ГІисадаса инкар гьабула

 

69Азбаралъув гІодов чІун вукІарав Пётрида аскІое ячІун, цо гъаравашалъ абуна:
– Мунги вукІанагури Галилеялдаса ГІисада цадахъ.
70Киназдаго цебе нагІадала ккун, Пётрица абуна дуца бицунеб жо щибилан.
71Пётр кавудухъехун унаго, гьений йикІарай цоги гъаравашалда вихьана гьев. Гьенир аскІор ругезда гьелъги абуна гьав чи Назареталдаса ГІисада цадахъ вукІанилан. 72Гьев чи жинда лъаларилан гьедун нагІадала ккуна Пётрица гьанжеги. 73ГІемер мехго балелде гьенир рукІарал гІадамаз, аскІоре рачІун, Пётрида абуна: «Гьайгьай, мунги дозул чи вуго. МацІалъухъ балагьун лъалеб буго мун ватІа вахъизе». 74Гьебмехалъ Аллагьасул цІар бахъун гьедаризе лъугьана гьев чи жинда лъаларилан. ГьебсагІат рагІана гІегІедулеб хІелкил гьаракь. 75Пётрида ракІалде щвана радакье хІелеко бахъиналде, лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби. КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр.

 

27 бетІер

 

ГІиса Пилатида цеве чІезавула

 

1Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабазги халкъалъул чІухІби-хІакимзабазги – киназго ГІисада дандечІараб хІукму гьабуна гьев чІвазе къотІизе. 2Вухь-вухьун вачун ГІиса кьуна Пилатсардарасухъе.
3ГІисае хилиплъарав Ягьудаца, гьев чІвазе хІукму гьабун букІин лъайдал, жинцаго гьабуралдаса ракІ бухІун, доб лъеберабго гІарцул гъурущ чІахІиял кашишзабазухъеги чІухІби-хІакимзабазухъеги нахъе кьуна. 4Гьес абуна: «ГІайибго гьечІеб бидул хІакъги мунагьги ккана диде». Гьез абуна: «Нижеца щиб гьабеянха мун вугев? Дур иш буго гьеб». 5Мукъадасаб Рокъобе рехун гьеб гІарацги тун, Ягьуда нахъе ана ва живго жинцаго гъанкъана. 6Гьеб гІарацги кодобе босун, чІахІиял кашишзабаз абуна чиясул бидухъ щвараб гІарац, Къануналда рекъон, Мукъадасаб Рукъалъе садакъаде кьезе бегьуларилан. 7Цинги гьез, цоцазда дандбан, хІукму гьабуна гьеб гІарцухъ «ЩагІихъанасул хур» абулеб бакІ бичун босизе ва гьеб апарагзаби рукъизе хабалазе тезе. 8Гьединлъидал гьеб бакІалда жакъа къоялделъагІанги «Бидул хур» абун цІар хутІун буго. 9Гьедин ритІухълъана Иеремия аварагасул гьадинал рагІаби: «Ва гьезие щвана лъеберго гІарцул гъурущ, гьез багьа чІезабурасухъ кьураб мухь, гьединаб букІана Исраилил наслуялъул цо-цо гІадамаз гьесухъ чІезабураб багьа. Гьеб гІарцухъги щагІихъанасул хур босана гьез. 10Гьедин лъазабуна дида БетІергьанас».
11Сардарасда цеве чІезавуна ГІиса. Сардарас ГІисада гьикъана:
– Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ?
ГІисаца жаваб кьуна:
– Дуца абулеб бугоха гьедин.
12Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги жинде гІайиб гІунтІизабулеб мехалъ, ГІисаца жаваб кьечІо. 13Гьебмехалъ Пилатица гьесда абуна:
– Дуда рагІулеб гьечІищ гьаз, дуде гІайиб гІунтІизабун, гьабулеб бугеб нугІлъи?
14Цо рагІи абунцин ГІисаца жаваб кьечІелъул, сардар цІакъ гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана.

 

ХІукму гьабула Барабба виччазе ва ГІиса хъанчида вазе

 

15ГІадат букІана халкъалъе бокьарав цо туснахъ сардарас байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб. 16Гьеб заманаялда туснахъалъув вукІана Барабба абун цо цІар рагІарав такъсирчи. 17Халкъ бакІарараб мехалъ Пилатица гьикъана:
– Нужехъе къватІиве щив виччазе нужее бокьилеб: Бараббайищ яги МасихІилан жинда абулев ГІисайищ?
18(Пилатида лъалеб букІиндалха жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.) 19ХІукму къотІизе тахида гІодов чІун Пилат вугеб мехалъ, чІужуялъ чи витІун вачІана, нолъ ГІисал рахъалъ бихьараб квешаб макьуялъ гІазаб кьолеб бугин жиндие, дуца гьев щибго гІайиб гьечІев валиясе расги гьабугейилан абизе. 20Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги халкъ мукІур гьабун букІана Барабба къватІиве виччаян ва ГІиса чІвазе къотІеян гьаризе. 21Сардарас гьезда гьикъана:
– Гьел кІиязулго кинавав къватІиве виччазе нужее бокьилеб?
– Барабба, – ян абуна гьез.
22Цинги Пилатица гьезда гьикъана:
– Гьедин батани, МасихІилан жинда абулев ГІисада щибха гьабилеб?
Гьел киназго абуна:
– Хъанчида вазе ккола гьев!
23Пилатица гьебмехалъ абуна:
– Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб?
Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана:
– Хъанчида вазе ккола гьев!
24Гьабизе кІолеб жо гьечІеблъи бихьун, хІатта гъалмагъир ккезехъин букІин бичІчІун, Пилатица, лъимги бачІинабун, кверал чурана, гьел гІадамазда бихьуледухъ. Цинги гьес абуна:
– Щибго гІайиб гьечІев гьав чиясул бидул хІакъ дида тІад гьечІо. Гьаб иш нужер буго.
25Кинабго халкъалъ жаваб кьуна:
– Гьесул бидул хІакъ нижедаги нижер лъималаздаги тІад буго.
26Гьебмехалъ Пилатица Барабба гьезухъе виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна.

 

БагІараб гІабаги зазил хьухьун гьабураб тажги

 

27Цинги сардарасул рагъухъабаз ГІиса вачана претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе. 28ТІаса ретІелги бахъун, бецІбагІараб ххамил гІаба ххола ГІисада тІад. 29Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода, кваранаб квералъухъе гІансаги кьола. Цинги, гІад-хочІие гьавун, гьесда цере накабазда чІола: «ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги!» – ян ахІулаго. 30Гьел ГІисаде тударула, гІонсоца бетІер бухула. 31ХІалхьезегІан инжит-хІакъирги гьавун, доб гІабаги тІаса бахъун, жиндирго ретІел ретІуна гьесда тІад. Ва хъанчида вазе вачун уна.

 

ГІиса хъанчида вала

 

32Гьев вачун унаго, хуриса вачІунев вукІарав Киренеялдаса цо Симон абулев чи данде ккана. Гьесда баччизабуна гьез ГІисае гьабураб хъанч. 33Гьел щвана Голгота абулеб бакІалде. Гьелъул магІна ккола «Гвангвара гохІ». 34КьогІлъизабураб чагъир кьуна гьесие гьекъезе. Цо кІалдибеги босун, ГІисаца инкар гьабуна гьелдаса. 35Гьевги хъанчида ван, можоро тІамун гьесул ретІел жидедаго гьоркьоб бикьана рагъухъабаз. 36Хъаравуллъи гьабун гьенирго чІана гьел. 37«ЖугьутІазул парччахІ ГІиса», – абун, гьесде гІунтІизабураб гІайиб тІад хъвараб хъарщиги чІвана гьесул бетІералда тІадехун.
38КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда. 39Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун абулеб букІана:
– Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур, мунго хвасар гьаве! 40Мун Аллагьасул Вас ватани, хъанчидаса гІодове рещтІа!
41Гьединго чІахІиял кашишзабиги, диниял гІалимзабиги ва чІухІби-хІакимзабиги, гьев хІакъир гьавун гаргадулел рукІана:
42– Цогидал хвасар гьарилилан вукІанин, живго хвасар гьавун бажаруларев чи. Исраилил умматалъул парччахІила жив! РещтІа абе гьанже хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда. 43Аллагьасе живго аманат гьавун вукІанин, Аллагь гьасдаса рази ватани, гьанже гьес хвасар гьавеян абе. Аллагьасул Вас вугилан гурищ гаргадилев вукІарав?
44Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалги рукІана гьединго ГІисаде хьанделел.

 

ГІисал рухІ босун уна

 

45Къалъул гІужалда тІолабго ракь бецІлъана. Гьеб бецІлъи тІаса инчІо сагІат лъабго тІубазегІан. 46СагІат лъабго тІубалеб мехалъ, цо гучаб гьаракь гьабун, ахІана ГІисаца:
– Эли, Эли! Лема шевактани! – абун. (Гьелъул магІна букІана: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?»)
47Гьенир рукІарал цо-цояз, гьеб рагІараб мехалъ абулеб букІана Иляс аварагасде ахІи балеб бугин гьесилан. 48Гьебмехалъ векерун ун гьезул цояс, цІекІаб чагъиралдаги ччун, чІорто босун бачІана ва, гІорол тІогьибги бухьун, бегьана гьесухъе. 49Цо-цояз абулеб букІана: «ЧІа, гьанже бихьилин гьев хвасар гьавизе Иляс авараг вачІунищали».
50Цоги нухалъ гучаб гьаракьги гьабун, хвана ГІиса. 51Гьале Мукъадасаб Рокъоб хирияб бакІалда бигъун букІараб пардав тІарадаса ахаде щвезегІан кІихІи бихъун ана, ракь багъарана, кьураби риххун ана, 52хабал кьватІун ана, хваралъуса чІаголъун, гьениса къватІире лъугьун рачІана церего хварал гІемерал вализаби. 53ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ, гьесда цадахъ Мукъадасаб шагьаралде[29] рачІана гьелги, ва гьенир гІезегІан чагІазда рихьана гьел. 54Ракь багъариги цогидал хІикматал ишалги рихьараб мехалъ, аскаралъул нусилбетІерги ГІиса цІунун гьесда цадахъ рукІарал рагъухъабиги цІакъ хІинкъана. Гьез абуна:
– ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго.
55Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рачІун, ГІисае хъулухъалъе чІарал гІемерал руччабиги рукІана гьенир, нахъегІан чІун ралагьун. Гьезда гьоркьор рукІана: 56Магдалаялдаса Марямги, Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Зебедайил васазул эбелги.

 

ГІиса хабалъ вукъула

 

57МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ, гьениве вачІана Ариматея шагьаралдаса Юсуп абулев цо бечедав чи. ГІисал мурид вукІана гьевги. 58Пилатихъе ун гьес гьарана ГІисал жаназа букъизе кьеян. Пилатица изну кьуна. 59Юсупица ГІисал жаназа нахъе босула, бацІцІадаб хІебтил мусруги бан, 60гьеб букъула кьурулъ бикІун жиндиего хІадурун букІараб хабалазул нохъода цІияб хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тун, гьев нахъе ана. 61ГІиса хабалъ лъолеб мехалъ, дандритІухъе гІодорчІун рукІана Магдалаялдаса Марямги ва дойцояй Марямги.
62Гьеб букІана рузман къо.

 

ГІисал хоб цІунизе хъаравулзаби тола

 

Нахъисеб къоялъ данделъун чІахІиял кашишзабиги фарисеялги Пилатихъе ана ва гьез абуна:
63– Я, бетІерчІахъад! Нижеда ракІалде щвана гьанже: чІаго вугеб мехалъ гьадав гьерсихъанас абулаан хун лъабго къоялдасан хваралъуса вахъине вугилан. 64Гьединлъидал лъабго къо инегІан досул хоб цІунизе хъаравулзаби тІаме. Досул муридаз, бикъун гьеб жаназагун, гІадамазда абизе бегьула ГІиса чІаголъун вугилан. Досулалдасаги кІудияб гьереси букІина гьеб. 65Пилатица гьезда абуна:
– Гьаниса рачун хъаравулзабигун, нужеего бокьухъе цІуне гьеб хоб.
66Инеги ун, гьез хоб цІунизе тадбир гьабуна: ганчІида мугьру чІвана ва гьенир хъаравулзаби тана.

 

28 бетІер

 

ГІиса хабалъ ватичІо

 

1Шамат къо индал, анкьил тІоцебесеб къоялъул рогьалилъ, ГІисал хабаде рахине рачІана Магдалаялдаса Марямги ва дойцояй Марямги. 2Зобалаздасан гьениве рещтІун вуго Бичасул малаик. Хабал картІида цун лъун букІараб гамачІги нахъе босун, гьелда тІад гьев гІодов чІедал, кутакалда ракь багъарана. 3Пириялъул гІадаб сурат букІана гьев малаикасул, гІазухъахІаб ретІелги букІана гьесда тІад. 4Гьесукьа хІинкъун хъаравулзаби сородана ва хварал чагІи гІадин лъугьана. 5Гьел руччабазда малаикас абуна:
– Нуж хІинкъуге! Хъанчида ван хвезавурав ГІиса нужеца валагьулев вукІин лъала дида. 6Гьев гьанив гьечІо. Гьес абухъе, хваралъуса вахъана ГІиса. Гьанире рачІа гьев вукъун вукІараб бакІалде ралагьизе. 7ГьабсагІат ун нужеца ГІисал муридазда абе, гьев хваралъуса вахъун вугин, нужедаса цеве Галилеялде щвезе вугин ва гьенив вихьилин нужеда гьев. Гьале гьадин абулеб буго дица.

 

Гьел руччабазда вихьула ГІиса

 

8Гьеб хобалдаса рикІкІалъизе гІедегІана гьел, ва хІинкъиялъги рохиялъги куркьбал гъурал руччаби рекерун ана муридазда гьеб хабар лъазабизе.
9Гьале, рорчІамиянги абун, гьезда данде вачІана ГІиса. АскІоре ун, гьел руччаби, ГІисае сужда гьабун, гьесул хІатІазда хурхана. 10ГІисаца гьезда абуна:
– Нуж хІинкъуге! Инеги ун, дир вацазда абе Галилеялде аян. Дова вихьила гьезда дун.

 

Хъаравулзабаз бицунеб буго

 

11Гьел руччаби нахъе аралго, дол хъаравулзабазда гьоркьоса цо чанго чи шагьаралде ана ва чІахІиял кашишзабазда бицана доба ккарабщиналъул хІакъалъулъ. 12Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги чІухІби-хІакимзабиги данделъана щиб гьабилебали дандбазе. Цинги, гІурабгІан гІарацги хъаравулзабазе кьун, 13гьезда абуна:
– Нужеца бице: «Ниж кьижун ккараб мехалъ сардилъ рачІун ГІисал муридаз жаназа бикъун ана», – ян. 14Нагагь сардарасде гьеб хабар щвани, нижеца рекъезабила гьесулгун иш ва нужее гьелъул щибго къварилъи ккезе биччаларо.
15Босун гьеб гІарацгун, гьел рагъухъабазги жидеда малъухъе гьабуна. Ва жугьутІазда гьоркьоб жакъа къоялде щвезегІанги тІибитІун буго гьеб хабар.

 

ГІиса Галилеялда вихьула муридазда

 

16ГІисал анцІила цо мурид, Галилеялде ун, гьес бихьизабун букІараб магІарде рахана. 17ГІиса вихьидал, гьел суждаялда чІана, цо-цоязул рекІелъ щаклъиги бижана. 18АскІове вачІун ГІиса гьезда гаргадизе лъугьана. Гьес абуна:
– Зобалазул ва ракьалъул тІолабго ихтияр дихъе щвана. 19Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. 20Дица нужее гьабунщинаб амру тІубазабизе малъе гьездаги. Дуниял ахирлъизегІан щибаб къоялъ дун нужеда цадахъ вугевлъиги лъай.
Амин!

 

 

Маркица бицараб Рохалил хабар

Маркица бицараб Рохалил хабар

 

«Маркица бицараб Рохалил хабар» хъван буго нилъер эраялъул І гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялда. Гьеб тІехьалда руго ГІиса МасихІил гІумруялъулги вагІза-насихІатазулги хІакъалъулъ харбал. ГІиса МасихІил тІоцевесев чапарлъун рикІкІунев Пётрил кумекчилъун вукІун ватизе ккола Марк. Бицен буго Маркица жиндирго тІехьалда хъван ратилин Пётрил ракІалдещвеял. Маркица бицунеб буго ГІиса МасихІица Галилея улкаялда гьарурал ишазул, гьениса Иерусалималде гьабураб ахирисеб сапаралъул, ахирисеб анкьалда жанир ккарал лъугьа-бахъиназул, ахиралдаги гьев хъанчида ваялъул ва хваралъуса вахъиналъул хІакъалъулъ.
Гьеб тІехьалда ГІисаца абулеб буго Аллагьас жив витІун вугин, гІадамазе гІоло гІумру кьезе, гьел мунагьаздаса хвасар гьаризе ва абадияб гІумруялде рачине. Цогидал «Рохалил хабаразде» дандеккун, Маркица цІикІкІун бицунеб буго ГІиса МасихІил ишазул хІакъалъулъ, гьесул вагІза-насихІатал гьенир гІемер гьечІо.

 

1 бетІер

 

ЯхІя авараг халкъалда цеве вахъуна

 

1Аллагьасул вас ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар гьадин байбихьулеб буго. 2Ишая аварагасул тІехьалда ругел Аллагьасул рагІаби ритІухълъана:
«Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи[1] вуго дица цеве витІулев»;
3«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб:
– БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!»
4Гьедин вачІана ЯхІя авараг авлахъалде. Нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес. 5Гьесухъе бачІунеб букІана Ягьудиялъул улка-ракьалъулги Иерусалималъулги тІолабго халкъ. Жидерго мунагьал рехсон хадуб, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал. 6РетІунеб ретІелги ЯхІял варанидул квасул букІана, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги. 7Гьес гІадамазда лъазабулеб букІана:
– Дида хадувго вачІунев вуго дидаса гІемерго къудрат цІикІкІарав. ГІодове къулун гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. 8Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьаруна дица нуж. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун.

 

ГІиса Аллагьасул Вас вукІин загьирлъула

 

9Гьел къоязда Галилеялъул Назарет шагьаралдаса гьениве вачІарав ГІисаги Иордан гІурул лъадалъ ччун вахъана ЯхІяца. 10ГІиса лъадалъа къватІиве лъугьунаго, бихьана гьеб лахІзаталда, зобалги кІирикьизарун, Илагьияб РухІ, миккидул сураталда боржун бачІун, гьесухъе рещтІунеб. 11Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан:
– Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун!

 

Илбисалъ хІалбихьула ГІиса къосинавизе

 

12ГьебсагІат гьеб РухІалъ ГІиса гІицІаб авлахъалде ине гьесизавула. 13Гьеб авлахъалда кІикъого къо бана ГІисаца. Илбисалъги хІалбихьана гьениб гьев къосинавизе кІоларищали. Гьенив гІалхул жанаваразда гьоркьовги вукІана ГІиса. Малаикзабиги рукІана гьенир ГІисае хъулухъалъе.

 

ГІисал тІоцересел муридал

 

14ЯхІя авараг гвандинив тІамун хадув Галилеялде уна ГІиса. Гьес гьениб лъазабула Аллагьасдасан Рохалил хабар. 15Гьес абулеб букІана:
– Болжал щвана! Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун буго! Нуж кантІе, Аллагьасде русса! Гьеб Рохалил хабаралде иманги лъе!
16Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада рихьана ччугІие гьин рехулел Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби.
17– Дида цадахъ рилълъа, – ян абуна гьезда ГІисаца. – Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун. 18Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна. 19Гьениса гІемерго рикІкІалъилалде, ГІисада рихьана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. ЧчугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьелги росода тІад. 20Гьездеги ахІана ГІисаца, жинда цадахъ рилълъаян. Жидерго эмен Зебедайги гьесул хІалтІухъабиги росонир тун, гьев кІиявгоги ана ГІисада цадахъ.

 

ГІисаца унтарал гІадамал сахлъизарула

 

21Цинги гьел щвана Капернаум шагьаралде. Шамат къо тІаде щварабго, синагогаялъувеги вачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабизе лъугьана ГІиса. 22ГІисал вагІзаялъ хІикмалъизарун рукІана гьел. Диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.
23Синагогаялъуве лъугьун вачІана хъубаб женалъ ккурав цо чи. Гьев ахІдезе лъугьана:
24– Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун!
25Амма ГІисаца жен чІезабуна:
– КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа!
26Гьев чиясул нусабго лага сородизабуна шайтІаналъ. Цинги гІасияб гьаракьги гьабун, лъутун ана гьеб гьесул чорхолъа. 27Гьелда гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана гІадамал. Гьез цоцазда гьикъулеб букІана:
– Гьабго щиб хІикмат? ЦІияб гІелмуцинищ гьаб? Хъубал жундузецин амру гьабизе кІолеб къудрат кинаб, гьесул амруялъе мутІигІлъулел жундулги кинал?
28ТІолабго Галилеялда хехго тІибитІун ана ГІисал хІакъалъулъ хабар.

 

ГІисаца Пётрил якьад сахлъизаюла

 

29ГьебсагІат синагогаялъуса къватІиве вахъун, цадахъ Якъубги Иоаннги рачун, гьев ана Симонилги Андрейилги бакІалде. 30ЦІа-каналъул унтуца бусаде ккун ятана Симонил якьад. ГьебсагІат ГІисада бицуна гьей унтун йигилан. 31АскІове ун, ГІисаца гьей, кверги ккун, йорхизаюла. ЦІа-канги ун, якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьуна.
32Бакъ тІерхьун, маркІачІубер рукІкІарабго, киналго унтаралги хъубал жундуз ккуралги рачІана ГІисахъе рачун. 33ТІолабго шагьар бакІарун букІана гьеб сордоялъ Симонил кавудахъе. 34ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали.
35Нахъисеб къоялъ хъахІлъи барабго тІадеги вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде ва гьенив Аллагьасе гьари-дугІаялде вуссун чІана. 36Гьесул лъалкІда хадур рахъарал Симонидаги гьасда цадахъ рукІараздаги ватана ГІиса. 37ГІисада гьез абуна киналго мун валагьулел ругилан. 38ГІисаца гьезда абуна:
– Рилълъа сверухъ ругел росабалъе ва шагьаразде, гьенибги халкъалъе Рохалил хабар бицине ккола дица. Гьелъие гІололъидалха дун гьаниве вачІарав.
39ТІолабго Галилеялъул ракьалде щун, синагогабазде ун, гІадамазе вагІза гьабуна гьес ва чангиязул чурхдулъа жундул рачахъана.

 

ГІисаца вацІцІалъизавула барасалъ унтарав цо чи

 

40Барасалъ унтарав цо чи вачІана ГІисахъе ва накабазда чІун гьардезе лъугьана:
– Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе!
41Гьесда гурхІун ГІисаца, гІебеде битІун квер хъвана гьесда. Цинги абуна:
– Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун!
42ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи. 43-44Нахъе витІулаго, ГІисаца гьесда лъазабуна:
– Вореха, дуца лъиданиги бицунге гьаб хІалтІи! Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъаралъухъ къурбанги хъвезабе.
45Амма гьениса нахъе аравго, гьев чи лъугьана ккараб иш киназего гьурщизе. Гьединлъидал ГІисада кІвечІо тІатун шагьаралде вачІине, гІадан-чи гьечІеб бакІалда вахча-хьван чІезе ккана. Амма киса-кисагоги гІемераб халкъ бачІунаан гьесухъе.

 

2 бетІер

 

ГІисаца сахлъизавула палижалъ ккурав чи

 

1Чанго къоялдасан ГІиса нахъеги Капернаумалде вачІана. ГьебсагІат гІадамазда лъана гьев рокъове тІадвуссун вукІин. 2Гьесухъе бачІараб халкъалъул гІемерлъиялъ нуцІикІалтІацин хутІун букІинчІо гІадамазе чІезе бакІ. Гьезие Рохалил хабар бицунев вукІана ГІиса. 3Гьебмехалъ ункъояс восун гьениве вачІана палижалъ ккурав цо чи. 4КІалтІе ракІарун рукІарал гІадамазул гІемерлъиялъ ГІисада аскІове восизе санагІат ккечІелъул, гьев вугеб рукъалъул тІохги бичун, гьениса гъоркье биччазе ккана унтарав тІад лъураб турут. 5Гьел гІадамазул божи бихьун, ГІисаца унтарасда абуна:
– Мунагьаздаса вацІцІалъана, дир вас, мун!
6Гьенир гІодор чІун рукІарал цо-цо диниял гІалимзабаз пикру гьабуна: 7«Аллагьасде гІасилъунцин гурищ гьав вугев? ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе?»
8ГІисада гьебсагІат лъана жиндир хІакъалъулъ гьезул гьединал пикраби рукІин. Гьездехун вуссун, ГІисаца абуна:
– Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел? 9Кинаб бигьаяб: унтарасда «Мун мунагьаздаса вацІцІалъанилан» абизейищ, яги «ТІаде вахъун, дурго турутги босун, вилълъанхъейилан» абизейищ? 10Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе, – янги абун, ГІиса унтарасдехун вуссана:
11Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго турутги босун, рокъове а!
12Ралагьун гІадамалгун гьев чи гьебсагІат тІаде вахъуна, жиндирго турутги босун, къватІиве уна. Киназго хІикмалъун Аллагьасе рецц гьабуна. Гьез абулеб букІана гьадинаб иш киданиги бихьичІилан.

 

ГІисаца Левий муридлъун восула

 

13Гьениса къватІиве вахъун, ГІиса нахъеги Галилеялъул ралъдахъе ана. Гьенибеги тІолабго халкъ бачІана гьесда хадуб. ГІисаца гьезиеги гьабуна вагІза-насихІат. 14Нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьарав Алфейил Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чиясда цевесан унаго, ГІисаца гьесда абула:
– Дида цадахъ вилълъа, – ян.
Вахъун ГІисада цадахъ уна гьевги.
15Гьале Левийил бакІалда кваналев вукІана ГІиса. Гьесда ва гьесул муридазда цадахъ гІодор чІун кваналел рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІи ва цогидабги мунагь-хІакъалъул агьлу. ГІисада цадахъ ругезда гъорлъ гІемер рукІана гьеб тайпаялъул гІадамал. 16ГІисада аскІор гІодор чІун кваналел гьел рихьидал, фарисеязул диниял гІалимзабаз гьесул муридазда абулаан:
– Магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ квана-гьекъон вукІине бегьилищ гьав?
17Гьеб рагІун, ГІисаца гьезда абуна:
– Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин. Аллагьасде руссине муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби ахІизейин.

 

КІал кквеялъул хІакъалъулъ

 

18ЯхІял муридазги фарисеязги кІал ккураб заман букІана гьеб. АскІоре рачІун гІадамаз ГІисада гьикъана:
– ЯхІял муридалги фарисеязулалги кІал ккун ругеб мехалъ, гьал дур муридаз щай кІал кколареб? – абун.
19ГІисаца гьезда абуна:
– БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ, гьес берталъе ахІарал гьудулзаби квана-гьекъечІого кІал ккундайха рукІинел? БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьез кІал кквезе бегьуларо. 20РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьел къояз кквела гьез кІалги. 21Лъицаниги баларо басрияб ратІлида цІияб рукъи: цІияб букъулаго басрияб бихъун ина, каратІги дагьабги кІодолъила. 22Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. Гьелъ рахълъен багьизабула, гьебмехалъ чагъирги рахълъенги хола. ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе.

 

Шамат къоялъул хІакъалъулъ

 

23Пуланаб шамат къоялъ ГІиса унев вукІана цо хурзабахъан. Гьенисан унаго, ролъул тІорал ретІизе лъугьана гьесул муридал. 24Гьебмехалъ фарисеяз ГІисада абуна:
– Балагье шамат къоялъ гъоз гьабулеб бугеб жо: Мусал къануналъ гьабизе гьукъараб иш гьабулеб буго.
25ГІисаца гьезда абуна:
– Унго, киданиги цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги рес къотІун, ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали? 26Бищунго кІудияв кашишлъун Абиатар вугеб заманаялда, Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, гьениса босун Давудица жинцагоги кванан буго, цадахъ рукІаразеги кьун буго гІицІго кашишзабаз гурони кваназе гьукъараб чед.
27Цинги ГІисаца гьезда абуна:
– ГІадамал шамат къоялъе гІоло гуро рижун ругел, шамат къо гІадамазе гІоло бижун буго. 28Гьединлъидалин шамат къоялъулги ихтияр ГІадамил Лъимадухъ бугеб.

 

3 бетІер

 

ГІисаца сахлъизавула цо квер бакъварав чи

 

1Цоги нухалъ синагогаялъуве вачІиндал, ГІисада гьенив ватана цояб квер бакъварав чи. 2ГІисада хадуб хал ккурал гІадамалги рукІана, гьес гьев чи сахлъизавуни, шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан, гьесде гІайиб гІунтІизабизе бокьун. 3Квер бакъварав чиясда ГІисаца абуна:
– ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІа! – ян.
4Гьел гІадамаздехун вуссун, ГІисаца гьикъана:
– Шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев?
Гьел руцІцІун чІана. 5Цо ццидалаб берги гьезда речІчІизабун, гьезул ракІазул согІлъиялдаса пашманлъарав ГІисаца дов чиясда абуна:
– Квер гІебеде битІе, – ян.
Гьесги квер гІебеде битІула, гьебсагІат гьебги сахлъула. 6Гьебмехалъ синагогаялъуса къватІире рахъаралго, фарисеялгигьеродилалги данделъула ГІиса киндай тІагІинавилаян тадбиралъе ургъизе.

 

ГІисахъе гІемераб халкъ бакІарула

 

7-8ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Галилеялъул ралъдал рагІалде ана. Гьесда цадахъ добе багъарана Галилеялъул халкъалъул кІудияб руккел. Ягьудиялдасаги, Иерусалималдасаги, Идумеялдасаги ва Иордан гІурул доб рахъалдасаги гІемераб гІалам бачІана гьенибе, ГІисал хІалкІолъиялъул хабар рагІун. Тиралъул ва Сидоналъул ракьалдаса рачІаразулги чІахІиял руккалаби гІуна гьенир. 9Гьениб муридазда гьес тІадкъана жив тІаде вахине раса хІадур гьабеян: гІадамазул гІемерлъиялъ, гьел тІаде къан рачІине гурилан хІинкъун вукІана гьев. 10ГІемерал унтарал гІадамал сах гьарун рукІана ГІисаца, гьединлъидал черхалда унти-гІузру бугел чагІи гІедегІулел рукІана гьесухъе, гьесда цо квергІаги хъвазе щвелародаян. 11ГІиса вихьараб мехалъ, хъубал жундуз ккурал чагІи гьесда цере накабазда чІолаан ва ахІдолаан, мун Аллагьасул Вас кколилан. 12Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан.

 

ГІисаца анцІила кІиго чапар тІаса вищула

 

13Гьале ГІиса магІарде вахана. Гьес гьенире ахІана жиндиего рокьарал муридал. Гьелги ГІисада аскІоре ана. 14Гьес анцІила кІигояв чапарзабилъун гьаруна, жиндаго цадахъ рукІинеги, Рохалил хабар лъазабизе ритІизеги, 15гІадамазул чорхолъа жундул рачахъулеб къудрат кьезеги. 16Гьел рукІана: ГІисаца Пётр абун тІокІцІар жиндие кьурав Симон, 17Зебедайил вас Якъуб, гьев Якъубилго вац Иоанн (гьев кІиясего ГІисаца кьун букІана Боанергес абураб цІар – гьебги ккола «Гъугъадиялъул васал» абураб магІнаялъул рагІи), 18Андрей, Филипп, Бартоломей, Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Фаддей, Симон КІанъанаъ[2], 19хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариотги.

 

Илагьияб РухІги жундузул ханги

 

20ГІиса тІадвуссун рокъове щвана. Нахъеги гьенибе бакІарараб халкъалъул гІемерлъиялъ, ГІисаеги гьесул муридазеги санагІалъи ккечІо гІодорчІун чадил мочІу кІалдиб лъезе. 21Гьев вуссун вукІин лъан, гьесул бетІер сверун бугилан абулебги рагІун, ГІисал цебесеб гІагарлъиялъул чагІи рачІана гьев нахъе вачине.
22Иерусалималдаса рачІарал диниял гІалимзабазни абулеб букІана жундузул хан вугин ГІисал чорхолъе лъугьун, ва гьеле гьев жундузул ханас кумек гьабулеб бугин гьесие жундул рачахъизеян. 23Гьебмехалъ аскІореги ахІун, ГІисаца гьезда, мисал бачун, бицана:
– Кин кІолеб илбисалда жибго бачахъизе? 24Цо пуланаб ханлъиялда жаниб кьал ккани, гьеб ханлъи биххичІого хутІуларо. 25Цо хъизаналда жаниб кьал ккани, гьеб хъизанги биххичІого хутІуларо. 26Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьеб къечІого хутІуларо. Гьелъул иш лъугІулагури гьебмехалъ. 27Цо къуватав чиясул рокъове лъугьун, гьесул боцІи-рикъзи бикъизе кІоларо, цин гьев вухь-вухьун рехун хадуб гурони. Гьебмехалъ кІвела гьесул рукъ бикъизе.
28ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІадамазул киналниги мунагьал ва кигІан кІудиял рукІаниги гьесда лъурал бугьтанал тІасалъугьун тезе руго БетІергьанас. 29Амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин киданиги букІине гьечІо. Абадиялъги тІаса ккеларо гьесдаса гьеб мунагь.
30(ГІисаца гьедин абуна, гьез абулеб букІиндал гьев жундуз ккун вугилан.)

 

ГІисахъе рачІуна гьесул эбелги вацалги

 

31Цинги ГІисахъе рачІуна гьесул эбелги вацалги. Дора къватІир жалгоги чІун, гьев ахІизе чи витІула гьез. 32ГІемерал гІадамал рукІана гьебмехалъ ГІисада аскІор. Гьесда абуна:
– Доле дора къватІир духъ ралагьун чІун руго дур эбелги вацалги. Мун цІехон рачІун руго дол.
33ГІисаца гьезда абуна:
– Эбеллъун щий дие кколей ва вацаллъунги щал кколел?
34Цинги жинда сверухъ гІодор чІун ругезухъ берги тІамун, ГІисаца абуна:
– Гьале дир эбелги дир вацалги. 35Щайгурелъул Аллагьасул амру-нагью тІубазе гьабулев чи щив вукІаниги, гьев ккола дие вацги, яцги, эбелги.

 

4 бетІер

 

Аллагьасул ПарччахІлъиялъул мисалал

 

Хуриб хьон хьалев чи

 

1Нахъеги ралъдал рагІалда гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана ГІиса. ГІемераб халкъ бакІарун букІана гьесухъе. Гьединлъидал, ралъдалъ бугеб росодеги вахун, гьенив гІодов чІун вукІана гьев. ТІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда эхетун букІана. 2ГІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца, батІи-батІиял мисалалги рачана.
3– ГІенеккея: хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. 4Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел. 5Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила. 6Амма бакъ тІад речІчІарабго, речІан анила гьел, ва гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила. 7Цогиги мугьал заз-хъарахъалда гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила, ва гьезда тІад тІорги бечІанила. 8Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьездасан рижанила ва гІун рачІанила тІорал: гьезул цоялда букІанила лъеберго, цогидалда – лъабкъого ва цо-цоялда – нусгоги мугь.
9Цинги ГІисаца абуна:
– ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!
10Жалго хутІидал, дов анцІила кІиявго чапарасги цогидал цадахъ рукІаразги ГІисада гьикъана, мун мисал бачун кІалъаялъул магІна щибилан. 11ГІисаца абуна:
– Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъаби лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе кинабго мисалаздалъун бицуна, – 12ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги рагІунгутІизе, бичІчІунгутІизе. Гьедин букІинчІебани, гьел Аллагьасде руссинаан ва гьезул мунагьалги чурилаан.
13Цинги гьес абуна:
– Унго бичІчІичІебищ нужеда доб мисалалъул магІна? Гьеб бичІчІуларел нужеда цогидал мисалал кинха ричІчІилел? 14Хьон хьалев чи ккола рагІи хьалев чи. 15Цо-цо чиясул иш ккола нухде рортарал хьодул мугьазда релълъун. Гьесул гІинда рагІани Аллагьасул рагІи, гьебсагІатго бачІун илбисалъ бикъун уна гьесул рекІелъе ккун букІараб рагІи. 16Гьединго цогидал гІадамал релълъуна ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьаздасан бижаралда. РагІини гьездаги рагІула ва гьебсагІат рохун къабулги гьабула. 17Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо. 18Цогидал релълъуна заз-хъарахъалда гъорлъе рортарал мугьаздасан бижаралда. 19РагІини гьездаги рагІула, амма гьезул рекІелъе лъугьарал гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьеб рагІи гъоркь къинабула. Гьединазул хІалухъенги букІунаро. 20Амма руго лъикІаб ракьалде рортарал мугьаздасан бижаралда релълъарал гІадамалги. РагІиги гьезда рагІула, къабулги гьабула. ХІалухъенги бижула цоязе лъеберго, цогидазе лъабкъого, цо-цоязе нусго нухалъцин цІикІкІараб.

 

Чирахъалъул хІакъалъулъ

 

21Цинги ГІисаца гьезда абуна:
– СахІида гъоркь яги хьонбакІалда гъоркь лъезейищ чирахъ бакун рокъобе жанибе босулеб? Борхатаб бакІалда гурищ гьеб лъолеб? 22Балъгоябщинабги тІатунеб, бахчарабщинабги загьирлъулеб. 23ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!
24Цоги гьес абуна:
– Балагьея, гІинтІаме гьаб дир калимаялъухъ: кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги, ва нужее тІадеги жубазе бугеб. 25Кодолъи бугесе тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго.

 

Ракьулъе рехараб хьодул мугьалъул хІакъалъулъ

 

26Цоги ГІисаца абуна:
– Аллагьасул ПарччахІлъи релълъуна цо гьадинаб ишалда. Масала, пуланав чияс ракьулъе рехула хьодул мугь. 27Цинги къаси кьижун, къад вахъун, жиндирго яшавалда вукІуна гьев, ва гьесда лъаларо кин гьеб мугь тІирщулебали, тІаде баккулебали. 28Ракьалъ жинцаго тІалаб гьабула мугьалъул: цин гьеб тІаде баккула, хадуб тІор бала, тІоралда мугь цІубала. 29Гьале, тІоралда мугь барщарабго, босун нилъгун вачІуна гьев лъилъаризе, хур бакІаризе заман щун бугелъул.

 

Горчицаялъул мугьалъул хІакъалъулъ

 

30Цоги гьес абуна:
– Сунда релълъунеб Аллагьасул ПарччахІлъи? Яги кинаб мисал бачун гьелъул сипат цебе чІезабилеб? 31Масала, гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул мугьалда. Гьеб буго ракьалде хьалел киналго хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь. 32Амма гьеб мугь ракьулъе ккани, гьелдасан лъугьуна бищунго кІудияб хъарахъ, ва гьелъул чІахІиял гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабицин гьарула.
33Гьедин гІемерал мисалалги рачун, гьезда бичІчІуледухъ бицунаан ГІисаца Рохалил хабар. 34Мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гІадамаздехун гьесул. Цинги жалго хутІараб мехалъ, жиндирго муридазда бичІчІизабулаан гьес гьеб киналъулго магІна.

 

ГІисаца гьури къотІизабула

 

35Гьебго къоялъ маркІачІул гІужалъ ГІисаца муридазда абуна ралъдал доб рахъалде рахине кколилан. 36Халкъги нахъе битІун, ГІисаги вачун, гьел рахана гьев тІад вукІараб доб росоде. Цогидал русбиги рукІана гьезда цадахъ. 37Кутакаб гьури бахъана: речІчІун рачІарал карачалабаз раса лъадал цІолеб букІана. 38ГІиса гьебмехалъ, цо къаданибжоги лъун, росол нахъисеб рахъалда кьижун вукІана. АскІоре ун, муридаз ворчІизавуна гьев:
– Я, МугІалим! Нилъ гъанкъизехъин рукІиналъул ургъелгойищ дуе гьечІеб? – абун.
39ТІаде вахъун гьес гьорода лъазабуна, тІокІаб пугейилан, карачалабазеги: «РуцІцІун чІа!» – ян амру гьабуна. ГьебсагІат гьури къотІана, тІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана.
40Цинги ГІисаца жиндирго муридазда абуна:
– КигІан хІинкъарал чагІи нужго! Кибе араб нужер божи-иман?
41Гьебмехалъни цІакъго-цІакъ хІинкъана гьел, гьуриги карачалабиги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан цоцазда абулеб букІана гьез.

 

5 бетІер

 

ГІисаца сахлъизавула жундуз ккурав чи

 

1Гьале гьал щвана Галилеялъул ралъдал добаб рахъалда бугеб герасеназул[3] улкаялде. 2ГІиса ракъдаде рещтІараб мехалъ, цойидасанго гьесда дандчІвана хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев хъубал жундуз ккурав цо чи. 3Гьениб хабалазухъ букІана гьесул чІейи[4], ва гьанже щивниги вукІинчІо рахас бан гьев вухьине кІолев чи. 4Кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран, чанцІулго вухь-вухьана гІадамаз гьев, амма рахсалги гьес тІутІун ралаан, маххалги гъурун рехулаан. Лъиданиги кІолеб букІинчІо гьев квегъизе. 5Къасиги къадги – кидаго гохІал, нохъал тирулаго ахІдолев-чІчІичІчІидулев вукІунаан гьев, ганчІазда тункун лъурал ругъназул цІун черхги букІунаан. 6РикІкІадасанго ГІиса вихьидал, векерун вачІун гьев гьасда цеве кІалагъоркье речІчІана 7ва ахІдезе лъугьана:
– ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! – ян.
8(ГІисаца шайтІаналъе амру гьабун букІиндалха гьесул чорхолъа къватІибе лъугьаян.)
9Цинги ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. Жаваб кьуна:
– «Бо» буго дида цІар. Щайгурелъул ниж гІемерал руго гьанир.
10Цинги ГІисада цІакъ гьардезе лъугьана, гьаб улкаялдаса жал нахъе гъогейилан. 11Гьениб цо мугІрул ссанда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед. 12Жундуз ГІисада гьарана жал гьел болъоназда гъорлъе риччайилан. 13Гьес изну кьуна. Гьев чиясул чорхолъа къватІиреги рачІун, хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат тІубараб рехьед – кІиазаргогІанасеб болъон цо борхатаб бакІалдасан цадахъго ралъдалъе кІанцІун ана ва гьенир гъанкъана.
14Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана, ва шагьаралдаги росабалъги гьез бицана ккараб жо. Цинги лъугьа-бахъараб иш бихьизе гІадамалги рачІана гьенире. 15ГІисада аскІоре щведал, гьенив гІодов чІун ватана дов жундузул боялъ гьалаглъизавун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана. 16Гьенир рукІараз бицана жундуз ккун вукІарасул лъугьарабги дол болъоназул ккарабги. 17Гьебмехалъ гьел гІадамаз ГІисада гьарана жидер ракьалдаса нахъе айилан. 18ГІиса росоде вахиндал, дов жундуз ккун вукІарав чияс гьесда гьарана живги цадахъ вачейилан. 19Амма ГІисаца изну кьечІо. Гьес абуна:
– Гьанже мун рокъове а ва дурго агьлуялда бице БетІергьанас дуего гьабураб лъикІлъиялъулги, гьев дуда гурхІараб куцалъулги хІакъалъулъ.
20Инеги ун гьев чияс АнцІшагьаралъул гІадамазда гьоркьоб тІибитІизабуна ГІисаца жиндие гьабураб хІалкІолъиялъул хабар. Киналго гьелда хІикмалъун хутІун рукІана.

 

ГІисаца унтарайги сахлъизаюла хварайги чІаголъизаюла

 

21Нахъеги росодаги рекІун, ГІиса ралъдал добцояб рагІалде щвараб мехалъ, гІемераб халкъ бакІарана гьесухъе. Гьев вукІана ралъдал рагІалда эхетун. 22Гьале, гьениве вачІуна синагогаялъул хІакимзабазул цояв. Яир букІана гьесда цІар. ГІиса вачІун вихьидал, гьев гьасда цеве накабазда чІола, 23ва кутакалда гьардезе лъугьуна:
– Дир яс холей йиго, вачІун дуца цо квер хъвани, сахлъила гьей, чІаго хутІила гьей.
24ГІиса гьесда цадахъ уна.
Гъуркъун хадур рачІунел гІадамазул руккелалъ гьоркьов вазавун вукІана гьев. 25АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай, 26жиндир бугебщинаб боцІи-рикъзи тохтирзабазе кьуниги, дагьайги квеш лъугьун гурони, гьезда мадар лъугьинабизе кІвечІей цо пуланай чІужугІаданалъ, 27ГІисал хабар рагІидал ячІун, халкъалъул гурулъ вугев гьесухъе нух бахъула ва нахъасан гьесул ратІлида квер хъвала. 28ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда. 29ГьебсагІатго къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би, ва гьеб гІазабалдаса жийго хвасарлъарайлъи бичІчІана гьелда. 30Гьебго заманаялда ГІисадаги лъана цо чи сахлъизавизе кІолеб къуват жиндир чорхолъа араблъи.
– Лъица дир ратІлида квер хъвараб? – абун гьикъана гьес, халкъалдехунги вуссун.
31Гьесул муридаз абуна:
– Дуда сверухъ гъуркъун бачІунеб бугеб гІалам бихьулагурищ дуда. Гьединги букІаго, жинда хъварав чи щивилан абулеб буго дуца.
32ГІисайин абуни, жиндир ратІлида квер лъица хъварабали лъазе, сверухъе валагьахъдилев вукІана. 33Жиндиего лъугьараб ишги бичІчІун, хІинкъун сородилаго ячІуна дой чІужугІадан ГІисада аскІое ва, кІалагъоркье гьесда цееги речІчІун, гьелъ бицуна тІолабго хІакъикъат. 34ГІисаца гьелда абула:
– Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго, сах хутІагийин мун!
35Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса ругьел бачІуна, дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабун щайилан. 36Гьел рагІабазул сан гьабичІого, ГІисаца ясалъул инсуда абула:
– Мун хІинкъуге, божун вукІа!
37Пётрги, Якъубги, Якъубил вац Иоаннги гурони, цогидав чиги цадахъ вачинчІого, 38ГІиса щола синагогаялъул хІакимасул бакІалде. Гьенир гьесда ратула ахІи-хІуралда гІодилаго ва магІу гьабулаго рихха-хочун ругел гІадамал. 39ГІисаца гьезда абула:
– Щай нуж гІодулел? Щай рихха-хочулел? Гьей хун гьечІогури. Кьижун ккун буго лъимер.
40Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьуна. ГІисаца киналго къватІире гъола. Ясалъул эбел-эменги ва жиндаго цадахъ рукІаралги рачун, гьев лъугьуна яс егун йигеб рокъове. 41Ясалъул кверги ккун, ГІисаца гьелда абула:
– ТІелитаъ, кІум! (Гьелъул магІна букІана – «Дуда буго абулеб: ТІаде яхъа, ясай!»)
42ГьебсагІат тІадеги яхъун хьвадизе лъугьана гьей яс. (Гьелъул букІана анцІила кІиго сон.) ГІемерго гІажаиблъун-хІикмалъун, битІахъе хаган хутІана гІадамал. 43ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна.

 

6 бетІер

 

Назареталда ГІиса къабул гьавуларо

 

1Гьениса вахъун ГІиса ана живго гІураб шагьаралде. Цадахъ гьесул муридалги рукІана. 2Шамат къо тІаде щварабго, ГІисаца байбихьана синагогаялъуб халкъалда Аллагьасул рагІи малъизе. Гьесухъ гІенеккаразул гІемерисел гІажаиблъун хутІун рукІана. Гьез цоцазда абулеб букІана:
– КисагІаги гьасие гьаб щвараб? Гьасулъ бугеб гьабго кинаб цІодорлъи-гІакъиллъи? КингІагидай гьасул квердасан гьадинал мугІжизатал лъугьунел? 3Марямил вас цІулал устар гурищ гьав? Якъубил, Юсупил, Ягьудал ва Симонил вац гурищ гьав? Гьанир нилъеда аскІор гурищ гьасул яцал ругел?
Гьедин васвасаца ккун гьесда божичІо гьел. 4Гьебмехалъ ГІисаца абуна гьезда:
– Къимат-къадру гьечІев авараг вукІунаро; амма жиндирго инсул росдацаги, жиндирго гІагарлъиялъги ва жиндирго рукъалъул агьлуялъги гьев рикІкІунаро.
5Гьениб ГІисада кІвечІо цониги мугІжизат бихьизабизе. (Квер хъван цодагьалго чагІи сах гьари гурони, батІияб хІалкІолъиги гьесдасан тІатинчІо.) 6ХІикмалъун вукІана ГІиса гьел божунгутІиялда.

 

ГІисаца чапарзаби халкъалъухъе ритІула

 

Цинги гьев хьвадана сверухъ ругел росабалъе, гьенибги халкъалда Рохалил хабар бицине. 7Хадуб гьес, ахІун анцІила кІиявго чапаргун, кІи-кІиккун гьелги ритІана. Хъубал жундузда тІад ихтиярги кьуна ГІисаца гьезухъе. 8ЦохІо гІанса гурони, цадахъ щибниги: я квен-тІех, я таргьа-къвачІа, я рачлихъ бараб чвантиниб лъун гІарац босугеянги лъазабуна ГІисаца гьезда. 9Хьитал ретІеян абуна, амма хисизе ретІел цадахъ босугеянги малъана. 10ГІисаца гьезда абуна:
– Нуж тІад рещтІарав гьоболги хисуге, гьеб шагьаралдаса къватІире рахъинегІан. 11Ваамма нуж къабулги гьаричІони, ва нужер рагІабазухъ гІинги тІамичІони, гьениса къватІире рахъунаго, нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те. Аллагьасда цебе гьез жаваб кьезе букІине хутІа абе гьеб.
12Гьел чапарзаби ана кантІун Аллагьасде руссаян гІадамазда лъазабизе. 13Чанги чиясул чорхолъа жундул рачахъана гьез. Даруяб нах бахун гІемерал унтарал гІадамал сахлъизаруна.

 

ЯхІя аварагасул хвалил хІакъалъулъ

 

14ГІисал цІар киса-кибего машгьурлъун букІиндал, Гьерод ханасухъеги щолел рукІана гьесул хІакъалъулъ харбал. Цояз абулеб букІана, хваралъуса вахъун вачІарав ЯхІя авараг вугин гьев, ва гьединлъидал гьес рихьизарулел ругин гьал мугІжизаталги. 15Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вугин гьевилан. НекІо заманаялда рукІарал аварагзабиго гІадинав авараг вугин гьевилан абулел чагІиги рукІана. 16Амма гьеб рагІидал, Гьеродицани абуна, жинца бетІер къотІизабурав ЯхІя авараг вугин, хваралъуса вахъун вачІун.
17Гьеродица жинцаго кьун букІана кквезеги ккун ЯхІя гвандинив тІамейилан буюрухъ. Гьелъие гьадинаб гІиллаги букІана: Гьеродица лъадилъун ячун йикІана жиндирго вац Филиппил чІужу Гьеродиада. 18Амма ЯхІяца гьесда абулеб букІана вацасул йикІарай чІужу дуца ячине бегьуларилан. 19Гьединлъидал гьесда ццин бахъун йигей Гьеродиадае бокьун букІана ЯхІя чІвазе. Амма гьелда гьеб гьабизе кІвечІо. 20Щайгурелъул Гьерод ЯхІякьа хІинкъулаан. Гьесда лъалаан ЯхІя вацІцІадав ва мукъадасав чи вукІин. Гьединлъидал цІунун вукІана гьев Гьеродица. КигІанго гьесул рагІабаз рекІел рахІат хвезабулеб букІаниги, Гьеродие бокьулаан ЯхІяхъ гІенеккизе.
21Ахирги цо санагІатаб къо тІаде щвана. Живго гьавураб къо кІодо гьабун Гьеродица кІудияб квана-гьекъей гьабуна, кинабго Галилеялъул къо-ас бугел чІухІбиги, бодул церехъабиги, бищунго хІурматиял хІакимзабиги ахІун. 22Гьений тІаде ячІун Гьеродиадал яс кьурдана, Гьеродги гьесда аскІор рукІаралги цІакъ рази гьаруна гьелъ. Гьеродица гьей ясалда абуна:
– Щиб дуе бокьаниги, гьаре дида, дица дуе кьела гьеб.
23Цинги гьев гьелъие гьедана:
– Щиб дуца гьараниги, гьеб дуе дир сайигъат буго, хІатта дир ханлъиялъул бащдаб букІа абе гьеб.
24Инеги ун, гьелъ жиндирго эбелалда гьикъана щибдай гьарилаян. Эбелалъ малъана ЯхІя аварагасул къотІараб бетІер гьарейилан. 25ГьебсагІат, екерун ханасухъеги ун, ясалъ гьесда абуна:
– Дие бокьун буго ЯхІя аварагасул бетІер, гъадрида жаниб лъун, гьабсагІат дуца дихъе кьезе.
26Хан цІакъ пашманлъана. Амма гьалбадеридаги рагІун гьедараб гьа хвезабиларилан гьелъие инкар гьабизе бокьичІо. 27ГьебсагІат ханас гІащтІичиясе амру гьабуна, ЯхІял къотІараб бетІерги босун вачІайилан. 28Вортун ун, гвандинив вугев ЯхІял бетІерги къотІун, гъадриниб гьебги лъун вачІана гІащтІичи. Цинги ясалъухъе кьуна гьес гьеб. Гьелъги босун жиндирго эбелалъухъе кьуна.
29Гьеб хабар рагІидал, ЯхІял муридаз гьесул жаназа, нахъеги босун, хабалъ букъана.

 

ГІисаца щуазарго чи гІорцІизавула

 

30Дол чапарзаби ГІисахъе тІадруссана, ва жидецаго гьабурабщинабги халкъалда малъарабщинабги бицана гьез гьесда. 31РачІунелги унелги гІадамазул гІемерлъиялъ кІалдиб квен лъезецин заман букІинчІелъул, ГІисаца гьел чапарзабазда абуна:
– Гьанже нилъ гьазда аскІоса цо гІадан-чи гьечІеб гІалахалде рилълъина цодагьалъ хІухьбахъи гьабизе.
32Халкъалдаса ратІалъун, росодаги рекІун, цо гІадан-чи гьечІеб бакІалде ана ГІисаги гьелги. 33Амма гІемерисел гІадамазда рихьана гьел унел ва щал ругелали лъана. Гьединлъидал ралъдал рагІалчІван рекерун, киналго шагьараздаса гІадамал ракъдадасан рекерана гьенире, ва, гьаздасаги цере дореги щун ратана. 34ГІиса ракъдаде лъугьараб мехалъ, гьесда гьениб бихьана гІемераб халкъ, ва гьев гурхІана вехь гьечІеб гІи гІадин ругел гІадамазда; гьезда гІемераб жо малъизе лъугьана гьев.
35МаркІачІумех щолеб букІиндал, ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна:
– ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин, 36нахъе айилан абе гьал гІадамазда, гьанир сверухъ ругел росабалъ жидеего квание гІамал гьабизе.
37ГІисаца гьезда абуна:
– Нужеца кваназаре гьел.
Гьез абуна:
– Гьал гІорцІизаризе чадихъ кІинусго динар кьезейищха ниж инел?
38ГІисаца гьезда абуна:
– Чан чед нужехъ бугебали хал гьабун рачІа, – ян.
Хал гьабун рачІун гьез абуна:
– Щуго чедги кІиго ччугІаги буго, – ян.
39Гьебмехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна гьел гІадамал гІурччинаб харда тІад, кьера-кьерал гьарун, гІодор чІезареян. 40Гьелги нус-нусккун ва кІикъоялда анцІ-анцІккун гІодор чІана. 41ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун кванде дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Цинги кІиябго ччугІаги бикьана киназдаго гьоркьоб. 42Киналго гІорцІизегІан кванана. 43Нахъе хутІараб чадилги ччугІилги кесказул анцІила кІиго гьегь цІезабуна. 44Бихьиназулцин кинавниги щуазарго чи вукІана гьенив кваналев.

 

ГІиса лъеда тІасан вилълъун вачІуна

 

45Цинги ГІисаца жиндирго муридал ритІана, гьеб халкъ жинца нахъе биччалалде, росодеги рахун, ралъдал добцояб рахъалда бугеб Бетсаидаялде цере-цере айилан. 46Халкъги нахъе битІун, ГІиса Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде ана.
47-48МаркІачІубер рукІкІараб мехалъ раса ралъдал бакьулъе щун букІана. Цинги ралъдал рагІалда живго цохІо вукІарав ГІисада бихьана бадибехун пулеб кутакаб гьорода данде лъим ххазе ккун, гьезул тату хун букІин. Жеги хъахІлъи рехилалдего ГІиса ралъдал лъеда тІасан вилълъун гьезда аскІове ана. Гьале гьев цоги рахъалдехун унев ватана гьезда хьолбохъан. 49Лъеда тІасан вилълъун вачІунев гьесда бер чІвайдал, хваразул рухІ бугилан ккун, росода рукІаразул чІахІиял гьаркьал кІанцІана. 50Киназдаго вихьулев вукІана гьев, ва киналго хІинкъунги рукІана. ГьебсагІат ГІисаца гьезда абуна:
– Дун вуго! Нуж расги хІинкъуге! КъвакІун чІа!
51Цинги гьев гьезда аскІове росоде вахана. ГьебсагІат гьуриги къатІана. Дагьалги гІажаиблъун, хІикмалъун хутІун рукІана гьел. 52Доб чадил мугІжизатгицин бичІчІун букІинчІелъулин гьезул ракІ бицатго хутІун букІараб.

 

Геннесареталдаги сахлъизарула унтарал гІадамал

 

53Ралъдал добаб рахъалде рахун, гьел щвана Геннесареталъул ракьалде ва якорь рехана. 54Цинги росодаса рещтІун гьел ракъдаде лъугьана. ГьебсагІат ГІисаги лъан, 55гьенир рукІарал гІадамал рахъ-рахъалде рекерун ана, ва гьев вугин рагІараб бакІалде туртида лъун росун рачІана гьез унтарал чагІи. 56Гьедин, киве гьев щваниги – шагьараздаги, росабалъги, кулабаздаги, – росун рачІун базар къотІнор лъолаан унтарал чагІи. Гьесул гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги биччайилан гьарулаан гьез. Гьесда квер хъванщинав чиги сахлъулаан.

 

7 бетІер

 

Аллагьасул амруялги умумузул гІадаталги

 

1Гьале ГІисахъе рачІун, гьенир данделъана фарисеялги Иерусалималдаса цо чанго динияв гІалимчиги. 2ГІисал цо-цо муридал «хъубал» квераз, ай квералги чуричІого, кваналел рихьана гьезда. ( 3Фарисеялги ва цогидал киналго жугьутІалги, умумуздасанго бачІараб динияб гІадат цІунун, цин кверал чуричІого кваназе гІодор чІоларо. 4Базаралдаса руссараб мехалъги гьел кверал чуричІого кваналаро. Цогиги гІемер руго гьез цІунарал гІадатал. Масала, мухІканго чурула суркІа-щурун, парччи-гулгун, пахьул хьагал.) 5Гьединлъидал фарисеязги диниял гІалимзабазги ГІисада гьикъула:
– Умумузул динияб гІадатги цІуничІого щай дур муридал чуричІел квераз кваналел ругел?
6ГІисаца жаваб кьуна:
– Нуж гІадинал ххвелал гьаризе бокьулел чагІазул хІакъалъулъ цІакъ битІун абун бугебха Ишая аварагасул тІехьалда:

 

 

«Гьел гІадамазул кІалалъ Дир цІар гІемер рехсола,
Амма ракІални гьезул рикІкІад руго Дидаса.
7ГІадада ккела гьезул Дие гьабураб тІагІат,
ГІадамазул гІадатал цІунизе халкъ тІамидал».

 

8Аллагьасул амруги рехун тун, гІадамазул гІадат цІунула нужеца.
9Цоги гьес абуна:
– Нужерго гІадат цІунизе бокьун Аллагьасул амру нахъчІвазени махщел щун буго нужее! 10Мусал къануналда гурищ абун бугеб: «Дурго инсулги эбелалъулги адаб-хъатир гьабе!» Хадубги: «Жиндирго инсул яги эбелалъул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав чи чІвазе ккола». 11Амма нужеца малъулеб буго: масала, пуланав чиясул ихтияр бугила инсуда яги эбелалда абизе нужее дидасан кколеб напакъа дица Аллагьасе къурбан, ай назру гьабунилан. 12Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго гьев чияс жиндирго инсуеги эбелалъеги кумек гьабичІониги гІолилан. 13Гьедин нужеца умумуздасан бачІараб гІадаталдалъун хвезабулеб буго Аллагьасул амру. Гьелда релълъаралги гІезегІан жал гьарулел руго нужеца.

 

Инсан сунца хъублъизавулев?

 

14Нахъеги халкъги аскІобе ахІун, ГІисаца абуна:
– Дихъ гІенекке нуж киналго: 15-16къватІиса жанибе аралъ гуро инсан хъублъизавулев, гьев хъублъизавула гьесда жаниса къватІибе бачІаралъ. Гьеб бичІчІа нужеда!
17Гьеб халкъалда аскІоса ун рокъоре щвараб мехалъ ГІисада муридаз гьикъана доб кициялъул магІна щибилан. 18ГІисаца гьезда абуна:
– ГьедигІанго жо бичІчІуларел чагІийищха нужги? КъватІиса жанибе аралъ инсан хъублъизавуларевлъи лъаларебищха нужеда? 19КІалдисан чорхолъе жанибе араб жо инсанасул рекІелъе гуро унеб, чохьонибе уна, цинги гьенисан къватІибеги уна. (Гьел рагІабаздалъун ГІисаца бичІчІизабуна инсанас кваналебщинаб квен бацІцІадаб, хІалалаб букІин.)
20Хадубги гьес абуна:
– Амма инсан хъублъизавула гьесда жанисан бачІун къватІибе аралъ. 21-22Щаян абуни, инсанасда жанисан, гьесул рекІелъан рачІуна квешал къасдалги, хъахІбалъиги, цІогьги, чІвай-хъвейги, зиначилъиги, хъантІи-къарумлъиги, ццинги, хІилла-макруги, пасалъиги, жахІда-хІусудги, бугьтанги, чІухІи-пахрулъиги, жагьиллъиги. 23Гьеле гьеб инсанасда жанисан къватІибе бачІунебщинаб квешлъиялъ хъублъизавула гьев.

 

Цогидаб халкъалъул гІаданалъги ГІисаде иман лъола

 

24Гьениса вахъун ГІиса щвана Тир шагьаралъул ракьалде. Пуланав чиясул бакІалда рещтІарав гьесие бокьун букІинчІо жив вачІун вукІин гІадамазда лъазе. Амма вахчун гьев хутІичІо. 25-26Цо чІужугІаданалда рагІана гьев вачІун вугилан. Гьелъул яс йикІана жундуз ккун. (Гьей йикІана мажусияй, Сириялъул ракьалдаса финикияй.) ГІисахъе ячІун, гьесул хІатІазда цее накабаздаги чІун, гьелъ гьарана жиндир ясалъул чорхолъа шайтІан бачахъейилан. 27Гьес гьелда абуна:
– Цин лъимал гІорцІизегІан чІа, лъималазул кІалдиса бахъун чед гьабзазе базе бегьуларо.
28ГІисае жавабалъе гьелъ абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Гьебни битІараб буго. Амма лъималазухъа рортарал чадил кескал столалда гъоркь регун рукІунел рукъалъул гьабзазеги щолагури.
29Цинги ГІисаца гьелда абуна:
– Гьеб рагІи дие рекІее гІуна, гьанже дурго рокъое а; дур ясалъул чорхолъа шайтІан нахъе арабин.
30Рокъое щведал, гьелда жиндирго яс ятана, шайтІанги чорхолъа ун, парахатго бусада егун.

 

ГІисаца гІинкъасда рагІи рагІизабула

 

31Тир улкаялдаса вахъун, Сидон шагьарги къотІун, АнцІшагьаралъул ракьалдасан нахъеги Галилеялъул ралъдал рагІалде щвана ГІиса. 32Гьесухъе вачун вачІана хІалица гурони кІалъазе кІоларев гІинкъав чи, гьесда цо квер хъвайилан гьарун. 33ДовегІанги вачун, ГІисаца гьев чиясул гІинзунир килщал къазаруна, ту-тузеги ту-тун гьесул мацІалдаги хъвана килищ. 34Цинги, зобалазде бералги тІамун, угьун хІухьелги биччан, гьес абуна:
– ЭтпатахІ! (Гьелъул буго «Рагье!» абураб магІна.)
35ГьебсагІат гъов чиясул гІундул рагьун рачІана, ва мацІалда букІараб гарацІги бичун ун, бацІцІадго кІалъазе лъугьана. 36Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар. 37Ва дагьабги цІикІкІун гІажаиблъун, хІикмалъун хутІарал гІадамаз цоцазда абулаан:
– Сунда квер баниги, кинабго лъикІ лъугьунеб буго гьесухъа. ГІинкъаздаги рагІи рагІизабулеб буго, мацІ лъаларелги кІалъазарулел руго.

 

8 бетІер

 

ГІисаца ункъазарго чи гІорцІизавула

 

1Гьел къоязда нахъеги цІакъ гІемераб халкъ бакІарана ГІисада аскІобе. Квен-тІехги гьечІого гьел хутІидал, жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
2– Гьал гІадамазда гурхІун вуго дун. Гьале лъабабго къоялъ дида аскІор чІун руго. Кваназе жоги хутІун гьечІо гьазухъ. 3КваначІого дица риччани, рокъоре унаго, рухІ дагьлъун ккезе бегьула гьел, цІакъго рикІкІадаса рачІаралги ругелъул гьезда гьоркьор.
4Муридаз гьесда абуна:
– Гьаниб гІалхуда гьазие гІураб чед лъица балагьилеб, киса бахъилеб? – абун.
5Чан чед нужехъ бугебилан гьикъана ГІисаца гьезда. Анкьго чед бугилан абуна гьез. 6Цинги ГІисаца гьел гІадамазда абуна кваназе гІодор чІайилан. Гьеб анкьабго чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца бек-бекун жиндирго муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Гьезги гьеб халкъалъе бикьана. 7Дагьа-макъаб ччугІаги букІана гьезухъ. Додинго тІаде дугІаги гьабун, гьебги кьуна ГІисаца муридазухъе, халкъалъе бикьеян. 8ГІорцІизегІан кванана гьел гьенир; нахъе хутІарал чадил мочІабазулги анкьго гьегь цІуна. 9Гьенир кванарал гІадамазул вукІана ункъазаргогІанасев чи. 10Гьелги нахъе ритІун, ГІиса гьебсагІаталъ жиндирго муридалгун цадахъ, росодаги рекІун, Далманутаялъул ракьалде ана.

 

Гьаб умматалъе гІаламат букІине гьечІо

 

11Гьенир ГІисахъе рачІун, цо-цо фарисеял лъугьана гьевгун дагІбадизе. Гьесул хІалбихьизелъун, гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. 12Угьун хІухьелги биччан, ГІисаца абуна:
– Щай гьаб умматалъ гІаламат тІалаб гьабулеб? ХІакълъун абулеб буго дица: гьаб умматалъе гІаламат букІине гьечІо.
13Гьел гІадамалги рукІаралъур тун, ГІиса нахъеги росоде вахана ва ралъдал добцояб рахъалде ана.

 

Фарисеязулги гьеродилазулги реччеялъул хІакъалъулъ

 

14Квен цадахъ босизе кІочон тун батана муридазда; цо гурони чед батичІо гьезухъ. 15ГІисаца гьезда лъазабуна:
– Вореха, фарисеязулги гьеродилазулги реччеялдаса цІунун чІа нуж.
16Цоцазда гаргадизе лъугьана гьел:
– Нилъехъ чед гьечІилан абураб магІна букІине ккола гьелъул.
17Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна:
– Чед гьечІилан щай нуж гаргадулел? Нужго кинал гьедигІан бичІчІи гьечІел ва нахъгІунтІуларел? КигІан согІлъун нужер ракІал ругел? 18-19Берал ругониги бихьулареб кин? ГІундул ругониги рагІулареб кин? Нужеца ракІалде щвезабе: дица щуазарго чиясе бек-бекун щуго чед кьун хадуб хутІарал чадил мочІабазул чан гьегь цІураб?
АнцІила кІиго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез.
20– Анкьго чед ункъазарго чиясе бикьараб мехалъ, хутІарал мочІабазул чан гьегь цІураб?
Анкьго гьегь цІунилан жаваб кьуна гьез.
21– Гьанжеги бичІчІичІебищ нужеда? – ян гьикъана ГІисаца гьезда.

 

Бетсаидаялда цо бецав чиги сахлъизавула

 

22Цинги гьел щвана Бетсаидаялде. Вачун вачІуна цо бецав чи. Гьесда квер хъвайилан гьарула гьез ГІисада. 23ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан. 24Сверухъ хал-шалги гьабун, гьес абуна:
– АскІосан унел гІадамал рихьулел руго дида гъутІби гІадин.
25ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, – бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда. 26ГІисаца гьев гьенисанго рокъове витІана ва гьадаб росулъан унгеянги лъазабуна.

 

Пётрица иман лъуна ГІиса МасихІ вукІиналде

 

27Гьениса вахъун жиндирго муридалгун цадахъ ГІиса ана Филиппил Къайсарият шагьаралда гІагарлъухъ ругел росабалъе. Нухда ГІисаца гьезда гьикъана:
– Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? – абун.
28Гьез жаваб кьуна:
– Цояз абулеб буго мун ЯхІя авараг вугилан, цояз абулеб буго Иляс авараг вугилан. Цогидаз абулеб буго аварагзабаздасан цояв кколилан.
29Цинги ГІисаца гьезда гьикъана:
– Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? – абун.
Пётрица жаваб кьуна:
– Мун вуго МасихІ.
30Лъиданиги гьеб бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда.

 

ГІисае букІине бугеб гІазаб-гІакъуба

 

31Цинги гьес бицине байбихьана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги вугин. 32Гьеб кинабго ГІисаца гьезда рагьун бицана. Амма довегІанги вачун Пётр лъугьана гьедин абугейилан гьесда дандечІун кІалъазе. 33Гьебмехалъ, кьурун вуссун, жиндирго муридазухъ валагьана гьев. Цинги, Пётрги вуцІцІинавун, абуна:
– ТІагІа дида аскІоса, Илбис! Аллагьасулаб тун, инсанасулаб лъугьун буго дур рекІелъе.
34Гьениб букІараб халкъги жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца абуна:
– Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа. 35Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, диеги Рохалил хабаралъеги гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила. 36Жиндирго рухІги рецІалие кьун, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе? 37Жиндирго рухІалъухъ хисизе жо щиб бугеб инсанасул? 38Гьаб мунагьаб ва пасатаб умматалда цеве дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндирго Инсул нуралъ гвангъун, мукъадасал малаикзабигун цадахъ гьев вачІунеб мехалъ.

 

9 бетІер

 

ГІиса хиса-басун лъугьуна

 

1Цоги ГІисаца абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІубараб къуваталда Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІунеб куц бихьичІого, жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор.
2Гьелдаса хадуб анлъго къоялдасан, Пётрги, Якъубги, Иоаннги гурони тІокІав чиги цадахъ вачинчІого, ГІиса цо борхатаб магІарде вахана. Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. 3Гьесул ретІел лъугьана, гІазухъахІаб кьерги чІван, кунчІ-кунчІизе; кигІан цІакъ чураниги кІвелароан гьеб гьедин хъахІлъизабизе. 4Цинги гьезда рихьана ИлясгиМусаги. ГІисагун гара-чІварулел ругоан гьел. 5Гьениб Пётрица ГІисада абуна:
– Я МугІалим! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! РачІа, лъабго хъощ базин гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие.
6Гьедин абуна Пётрица, щиб абилебали лъаларого хутІидал. ХІакъикъаталдаги хІинкъун лъугьана муридзаби гьенир. 7Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь:
– Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж!
8Цинги гьебсагІат сверухъе ралагьидал, цохІо ГІиса тун батІияв чи гьезда гьенив вихьичІо. 9МагІардаса гІодоре рещтІунаго, ГІисаца гьезда лъазабуна хваралъуса вахъун ГІадамил Лъимер вачІинегІан, гьаб нужеда бихьараб ишалъул лъиданиги бицунгейилан. 10Гьениб бихьарабщинаб жиделъго цІунана гьез. Амма «хваралъуса вахъун вачІиналъул» магІна щибдайилан цоцазда цІехолдулел рукІана. 11Цинги гьез ГІисада гьикъана:
– Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан?
12ГІисаца гьезда абуна:
– БитІараб буго, цин цеве Иляс вачІуна ва гьес кинабго къачІанги тола. Щайха ТІухьдузда хъван бугеб ГІадамил Лъимада гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьилилан ва гІадамаз гьев инжит-хІакъир гьавилилан? 13Гьале дица нужеда абулеб буго: ТІухьдузда хъван бугеб куцалда, Иляс вачІана; ва жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие гІадамаз.

 

ГІисаца сахлъизавула жундуз ккурав цо вас

 

14ГІиса дол жиндирго муридазда аскІове тІадвуссиндал, гІемераб халкъ бакІарун батана гьенибе. Диниял гІалимзабиги ругоан гьасул муридалгун дагІба-рагІиялда. 15ГІиса вихьидал, тІолабго халкъ хІикмалъун хутІана, данде рортун гьесие салам кьезе лъугьана. 16ГІисаца жиндирго муридазда гьикъана гьазулгун нужер бугеб дагІба щибилан? 17Халкъалда гьоркьоса вачІун цо чияс абуна:
– Я МугІалим! Дун духъе вачІун вуго женалъ кІал-мацІ ккурав, кІалъазе кІоларев васги вачун. 18Гьеб жен киб кваланиги, дир вас гІодов ккола, кІалдиб полоп бала, цаби къерщезарула, цинги гьев цІоро-гъорон лъугьуна. Гьал дур муридазда абуна дица гьесул чорхолъа жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо.
19Гьездехун ГІисаца абуна:
– ГІай, нуж иман гьечІеб уммат! КидалъагІан дун нужгун вукІинев? КидалъагІан дица нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас.
20Вас гьесухъе вачун вачІана. ГІиса вихьаравго, хъубаб женалъ васасул щукІдул рукІкІинаруна; гьев гІодов ккана, гевегахъдизе лъугьана ва гьесул кІалдисан полоп бурана. 21ГІисаца гьесул инсуда гьикъана:
– Вас гьедин лъугьаралдаса кигІан мех бараб?
– ГьитІинаб мехалдаса нахъего вуго гьев гьедин, – абун жаваб кьуна инсуца. 22– Чанги цІадавеги рехана женалъ гьев, лъадалъеги рехана, хвезавизе бокьун. Дуда щибниги гьабизе кІолеб батани, нижеда гурхІун, кумек гьабе нижее.
23ГІисаца гьесда абуна:
– Дагьабниги божизе дудаги кІолеб батани, божа мунги. Божулев чиясда хІалкІолареб жо букІунаребин!
24ГьебсагІат васасул инсуца ахІана:
– Дун божула, кумек гьабе дие – божуларесе!
25ТІаде гурун бачІунеб халкъги бихьун, гьеб женалъе амру гьабун, ГІисаца абуна:
– Ле, мацІ лъалареб ва гІинкъаб жен! Дица дуе амру гьабулеб буго гьев васасул чорхолъа тІагІаян ва тІокІаб киданиги гьенибеги къагеян.
26Цо гьаракьги гьабун, кутакалда гьев васги сородизавун, шайтІан къватІибе кІанцІун бачІана. Цинги хварав чи гІадин лъугьана вас, хІатта гьев хваниланцин абулеб букІана гІемерисез. 27Амма ГІисаца квер цІан тІаде вахъинавидал, вас вахъун чІана.
28Рокъоре щун, жалго хутІидал, муридаз ГІисада гьикъана:
– Нижеда щай кІвечІеб доб хъубаб жен бачахъизе?
29ГІисаца гьезие жаваб кьуна:
– Доб тайпаялъул жундул рачахъизе кІола гІицІго дугІаялдалъун.

 

ГІазаб-гІакъубаялъул хІакъалъулъ цоги нухалъ

 

30Гьениса рахъун Галилеялъул ракьалдасан унел рукІана гьел. ГІисае бокьун букІинчІо жив вачІунев вукІин лъиданиги лъазе. 31Жиндирго муридазе насихІат гьабулев вукІана гьев. ГІисаца гьезда бицана:
– ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове, цинги гьез гьев чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина.
32Амма гьезда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна, ва гьесда гьеб гьикъизеги хІинкъана.

 

«Бищунго кІудияв щив?»

 

33Цинги гьел Капернаумалде щола. Рокъоре щведал, ГІисаца гьезда гьикъана:
– Гьанире рачІунаго нухда сундул бицун дагІбадулел нуж рукІарал? – абун.
34Гьел руцІцІун чІана. Щайгурелъул гьел дагІбадулел рукІиндал жидеда гьоркьов бищун кІудиявлъун щивдай кколеван. 35ГІиса гІодов чІана, ва жиндаго аскІове анцІила кІиявго муридги ахІун, гьес абуна:
– Бищунго кІудиявлъун лъугьине бокьарав чи цогидазда гьоркьов бищунго гьитІинавлъун вукІа ва гьезие хъулухъалъе чІа.
36Кодобе босун, ГІисаца цо лъимер гьезда гьоркьоб эхетизабуна ва, гьеб лъимада къвалги бан, абуна:
37– Цо гьадинаб лъимер, дие гІоло, лъицаниги къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. Дун къабул гьавурав чияс, цохІо дун гуревги, дун нужехъе витІарав Аллагьги къабул гьавулев вуго.

 

«ШапагІаталдаса махІрумлъизе гьечІо...»

 

38Гьебмехалъ Иоанница абуна:
– Я МугІалим! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев; амма гьев чи нилъеда нахъвилълъунев гьечІо. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе.
39ГІисаца абуна:
– Гьукъуге гьесие гьеб. Дир цІаралдалъун хІикмат бихьизабурав чиясда кІвезе гьечІо гьелдаса хадуб гьебсагІат дир хІакъалъулъ квешаб рагІи абизе. 40Нилъеда дандечІоларев чи ккола нилъер рахъалда вугев чи. 41ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуж МасихІил муридал рукІинги лъан, дие гІололъун нужее гьекъезе гел цІун лъим кьурав чи кириялдаса махІрумлъиларо. 42Амма диде иман лъуразда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІалев чи ккани, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехиго лъикІаб букІинаан гьесие.

 

«Мун мунагьалде цІалев вугони...»

 

43-44Дур квералъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб квер камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго квергун жужахІалъул свин гьечІеб цІадаве рехизегІан. 45-46Дур бохалъ мун мунагьалде цІалев вугони, къотІун рехе гьеб. Цояб бох камун, алжаналде ин лъикІ дуе, кІиябго бохгун жужахІалъуве рехизегІан. 47Дур бералъ мун мунагьалде цІалев вугони, бахъун рехе гьеб. Цо бергун Аллагьасул ПарччахІлъиялде ин лъикІ дуе, кІиябго бергун жужахІалъуве рехизегІан. 48ЖужахІалъул борхьазе хвелги букІунареб, жужахІалъул цІадуе свинги букІунареб!
49Къурбаналъул гьан, тІаде цІам щван, бацІцІад гьабулеб гІадин, щивав чи цІадудалъун вацІцІад гьавизе вуго. 50ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин нужеца гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб? ЦІам цІуне нужелъго, ва цоцазда гьоркьор ракълида рукІа.

 

10 бетІер

 

ГІисаца ригьнал хІакъалъулъ бицуна

 

1Гьениса вахъун Ягьудиялъул ракьалде щола ГІиса ва Иорданалъул добцояб рахъалда бугеб улкаялде уна. Нахъеги бакІарула гьесда аскІобе гІемераб халкъ. ГІисаца, жиндирго гІадаталда рекъон, гьенибги гьабуна гІадамазе вагІза-насихІат. 2ГІисал хІалбихьизе рачІун, фарисеяз гьесда гьикъана:
– Динияб къануналъ изну кьолебищ росас чІужу йиччан тезе? – абун.
3Мусал къануналда кин бугебилан гьикъана гьезие жавабалъе ГІисаца. 4Гьез абуна:
Мусаца изну кьун буго, «цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кодобе кьолеб бугони, чІужу йиччан тезе бегьулилан».
5ГІисаца гьезда абуна:
– Мусаца нужее гьеб Къанун хъвана нужер чанкІкІи сабаблъун. 6Дуниял бижараб мехалдасаго Аллагьас рижана бихьинчиги чІужугІаданги. 7-8«Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина». Гьелдаса хадур кІиго рукІунаро гьел, цого рукІуна. 9ХІасил, Аллагьас цолъизабураб инсанас батІалъизабизе бегьуларо.
10Цинги рокъобги гьикъана муридаз гьелъулго хІакъалъулъ. 11ГІисаца гьезие жаваб гьабуна:
– ЧІужуги йиччан тун, цогидай ячарав чи, жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна. 12Росасдаса ятІалъун цогидасе арай гІаданги зиначІужу ккола.

 

ГІисаца лъималазе дугІа гьабула

 

13Жидерго лъимал рукІана гІадамаз ГІисахъе рачун рачІунел, гьезда цо квер хъвайилан гьарун. Муридаз гьел риччалел рукІинчІо. 14Гьеб бихьидал, ГІисал ццин бахъана. Гьес абуна:
– Лъимал дихъе рачІине риччай, гьезие квекІен гьабуге нужеца. Гьединазейин Аллагьасул ПарччахІлъи щун бугеб! 15ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи лъимаца гІадин къабул гьабичІев чиясе гьенибе нух гьечІо.
16ГІисаца гьел лъимал каранде къана, тІад кверал рахъун, гьезда баркат лъегиян дугІа гьабуна.

 

Аллагьасул ПарччахІлъиги инсанасул бечелъиги

 

17ГІиса гьениса унаго, цо чи вачІана векерун ва, гьесда цеве накабаздаги чІун, гьикъана:
– Я лъикІав МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб дица гьабизе кколеб?
18ГІисаца гьесда абуна:
– Щай дуца дида лъикІавилан абулеб? Щивниги лъикІав вукІунаро, цохІо Аллагь гурони! 19Дуда лъалагури Аллагьасул амруял: «чи чІваге», «зина гьабуге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», «даран-базаралъулъ хІилла-рекІкІ гьабуге», «эбел-инсул адаб-хъатир гьабе».
20Дов чияс ГІисае жаваб гьабуна:
– Я МугІалим! ГІолохъанаб мехалдасаго тІуразарулел руго дица гьел амруял.
21Гьев чи рекІее гІедал, гьесухъги валагьун, ГІисаца абуна:
– Цо жо буго дуе камун: инеги ун, дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье, гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине.
22ГІисал рагІабаз ракІ лъукъарав гьев чи къваридго нахъе ана. Щайгурелъул гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи. 23Гьебмехалъ сверухъ ругел гІадамазухъги валагьун, ГІисаца жиндирго муридазда абуна:
– Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе захІмалъулеб куц!
24Гьелъ муридал хІикмалъизаруна. ГІисаца нахъеги гьезда абуна:
– Ле дир лъимал! Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъизе бугеб куцха! 25РукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина, Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса.
26ЦІакъго хІикмалъун хутІарал гьез цоцазда абулеб букІана:
– Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха?
27Гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна:
– ГІадамазда гьеб кІолареб, амма Аллагьасда кІолебха! Аллагьасда хІалкІолареб жо щибниги гьечІелъул!
28Гьебмехалъ Пётрица гьесда абуна:
– Гьале, кинабго рехун тун, ниж дуда цадахъ рилълъана...
29ГІисаца гьесие жаваб кьуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дие гІоло ва Рохалил хабаралъе гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, чІужу-лъималги, хур-ахги рехун тарав цониги чи хутІизе гьечІо, 30гьелъухъ хІатта гьанже дуниялалъул рокъоб гІазаб-гІакъубаялдаго цадахъ, – гьелдаса нусцІулго цІикІкІун мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-агьлуги, хур-ахги щвечІого, ва доба ахираталъул рокъоб абадияб гІумруги насиблъичІого. 31Цере рукІарал чангиял тІарамагъаде ккела, тІарамагъада рукІаразул чангиял цере ккела.

 

ГІазаб-гІакъубаялъул хІакъалъулъ – лъабабизеги

 

32Иерусалималдехун ралагьун унел рукІана гьел. ГІиса цеве-цеве вукІана. Гьесда хадур рачІунаго, гьесул муридал рахІат хун рукІана. Гьесда хадуб бачІунеб халкъги хІинкъун букІана.
АнцІила кІиявго чапарги аскІове ахІун, нахъеги байбихьана гьес жиндиего ккезе бугелъул хІакъалъулъ бицине:
33– Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер кьезе вуго чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове ва гьезги гьев чІвазе къотІила. Цинги гьев кьела цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове. 34Гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила, цІалаца вухила, цинги чІвала ва лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъина гьев.

 

Зебедайил васазул гьариялъе ГІисал жаваб

 

35Гьебмехалъ гьесда аскІове вачІуна Зебедайил кІиявго вас – Якъубги Иоаннги. Гьез абула:
– Я МугІалим! Нижее бокьун буго нижеца гьарараб жо дуца тІубазе.
36ГІисаца гьикъана:
– Дица щиб гьабизе нужее бокьун бугеб?
37Гьез абуна:
– Къудраталъул тахиде мун вахараб мехалъ, цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда, дуда аскІор гІодор чІезаре ниж.
38ГІисаца гьезда абуна:
– Нужедаго лъалеб гьечІо нужеца гьарулеб бугеб жо. КІвеладай нужеда дица гьекъезе бугеб лълъарги гьекъезе, дица бахине бугеб гІорги бахине?
39КІвелилан жаваб кьуна гьез. ГІисаца абуна:
– Дица гьекъезе бугеб лълъарги гьекъезе ккезе буго нужеца, дица бахине бугеб гІорги бахине ккезе буго. 40Амма дир кваранабги квегІабги рахъалда гІодор чІезариялъул иш дида бараб гьечІо, БетІергьанасул хІукмуялда бараб буго.
41Гьеб хабар рагІарабго, хутІарав анцІавго муридасул ццин бахъана Якъубидаги Иоаннидаги. 42АскІореги ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
– Нужеда лъалагури цогидал халкъазул парччахІзабийилан рикІкІунел гІадамаз халкъалда тІад ханлъи гьабулеблъи, чІухІби-хІакимзабазги гІадамазда тІад жидерго ихтияр билълъанхъизабулеблъи. 43Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо. Нужеда гьоркьоса лъиениги бищунго кІудиявлъун вукІине бокьани, гьев цогидазе хъулухъалъе чІа абе. 44Нужеда гьоркьоса бищунго цеве вукІине бокьаравги киназего лагълъун вукІа абе. 45Щайгурелъул ГІадамил Лъимерги лъицаниги жиндие хъулухъ гьабизе вачІун гьечІо. Гьев вачІун вуго цогидазе хъулухъ гьабизе ва гІемеразе гІоло рецІалие жиндирго рухІ кьезе.

 

ГІисаца бецав Бартимайида канлъи бихьизабула

 

46Гьале гьел Иерихоналде щола. Цинги, жиндирго муридалгун цадахъ ГІиса гьениса къватІиве вахъунеб мехалъ, гІемераб халкъ букІана гьесда хадуб бачІунеб. Гьенив нухлул ракьанда кІусун ватана Бартимай (Тимайил вас) абулев цо бецав гьардухъан. 47Назареталдаса ГІиса жинда цевесан унев вукІинги лъан, ахІдезе лъугьана гьев:
– Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида!
48ВуцІцІун чІайилан абуна гьесда гІадамаз. Амма гьев дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана:
– Я, Давудил вас! ГурхІа мун дида!
49Гьенивги лъалхъун, ГІисаца абуна гьев чи жинда аскІове вачейилан. ГІадамаз Бартимайида абуна:
– Гьа, ракІ гІодобе биччай гьанже! Вилълъа, мун жиндихъе вачеян абулеб бугин дос.
50ТІад букІараб гІабаги гІодобе рехун, гьев кІанцІун тІаде вахъана ва ГІисада аскІове вачІана. 51ГІисаца гьесда гьикъана:
– Дица щиб гьабизе дуе бокьун бугеб?
Бецас жаваб гьабуна:
– Я, Раббуни![5] Беразда нахъеги канлъи бихьизе бокьун буго.
52ГІисаца гьесда абуна:
– А гьанже. Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун.
ГьебсагІат беразда канлъиги бихьун, ГІисада хадув къокъана гьев чи.

 

11 бетІер

 

ГІиса Иерусалим шагьаралде лъугьунев вуго

 

1Гьел Иерусалималде щолел рукІана. Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, 2ГІисаца гьезда абуна:
– Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа. 3Нужеца гьабулеб щибилан гьикъулев чи ккани, гьесда абе нижер ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин гьеб; кватІичІого нахъе биччазе бугиланги абе.
4-5Гьел ана. Гьениб гьезда батана къотІноб цо чиясул кавуялда бухьараб кІудияб кІерт. Рухьадаса гьеб бичулел рукІаго, гьенир рахъун чІун рукІарал гІадамаз гьикъана:
– Нужеца гьабулеб щиб? Щай нужеца гьеб кІерт рухьадаса бичулеб?
6ГІисаца малъухъе кьуна муридаз гьезие жаваб. Цинги доз гьалги риччан тана. 7КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана гьез жидерго партал, ва ГІисаги гьелда тІад рекІана.
8ГІемерисез, тІаса бахъун ретІел букІана нухда тІибитІулеб. Цогидаз абуни, магъилъ ругел гъутІбуздаса къотІун, гІурччинал гІаркьалаби рукІана гьесда цере тІиритІулел. 9Гьесда цере-цере унезги хадур рачІунезги турки ахІулеб букІана:
– Гьошанна! БетІергьанасул къудраталдалъун витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! 10ТІаде гІунтІулеб бугеб нилъер эмен Давудил ПарччахІлъиялда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!
11Иерусалималде щваравго, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьана ва, киса-кибего бер щвезабун, хал-шал гьабуна. МаркІачІубер рукІкІинехъин букІиндал, анцІила кІиявго чапарги вачун, ГІиса Бетаниялде тІадвуссана.

 

ТІад пихъ гьечІеб инжиралъул гъветІ

 

12Нахъисеб къоялъ радакьго вахъун Бетаниялдаса вачІунаго, ГІиса вакъана. 13РикІкІадасанго гьесда бихьана тІад тІамах бараб цо инжиралъул гъветІ. ГъотІода пихъ гьечІодайилан аскІове индал, тІамах гурони, цониги инжир батичІо: инжир барщизе заман щун букІинчІо жеги. 14Цинги ГІисаца гъотІода абуна:
– Дуда тІад бижун пихъ тІокІаб лъицаниги киданиги квине хъван батугеги.
Гьеб рагІана гьесул муридаздаги.

 

ГІисаца даранчагІи Мукъадасаб Рокъоса къватІире гъола

 

15Гьале Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьенир даран-базаралда рукІарал гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса; гІарац хисулел чагІазул столал ва къурбаналъе хъвезе маккал ричулел чагІи тІад гІодор чІолел бакІал кІалагъоркье чІвазаруна. 16Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъусан гІадамаз къайи баччизеги гьукъана гьес. 17Цинги ГІисаца, гьезие малъа-хъвай гьабун, абуна:
– ТІехьалда хъван гьечІищ: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго киналго халкъазул как-диналъул рукъ», – абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго.
18ГІисал гьеб калам рагІидал, диниял гІалимзабиги чІахІиял кашишзабиги ургъизе лъугьана гьев тІагІинавизе рес киндай батилаян. Гьесукьа хІинкъун рукІана гьел, щайгурелъул ГІисал гІелмуялъ тІолабго халкъ хІикмалъизабун букІиндал.
19Бакъ тІерхьунеб гІужалда шагьаралдаса къватІире рахъана ГІисаги муридзабиги.

 

Инжиралъул гъветІ бакъван батула

 

20Нахъисеб къоялъ радал тІадруссун рачІунаго балагьидал, доб инжиралъул гъветІ кьолболъанго бакъван бугоан. 21ГІисаца абун рукІарал рагІабиги ракІалде щун, Пётрица гьесда абуна:
– Я МугІалим! Балагье, сон нагІана кьураб инжиралъул гъветІ бакъван бугеб куц.
22ГІисаца гьезда абуна:
– Аллагьасде божи-иман цІуне нужеца. 23ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: рекІелъе щаклъиги ккезе биччачІого, жинца абухъе лъугьине букІиналдаги божун, пуланав чияс гьаб мегІералда абуни, гьаниса бахъун ун ралъдалъе кІанцІеян, мегІер гьесие мутІигІлъизе буго. 24Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб: дугІадулъ нужеца Аллагьасда щиб гьарулеб бугониги, нуж божа гьес нужер гьари тІубан бугилан. ТІубазеги бугебха гьеб! 25-26Гьари-дугІаялъе Аллагьасда цере чІараб мехалъ, нужер ццин бугел гІадамал ратани, гьезда тІасалъугьа, гьебмехалъ Зобалазда вугев нилъер Эменги лъугьине вуго нужер къосиналда тІаса.

 

«Лъица дуе ихтияр кьураб?»

 

27Нахъеги Иерусалималде щвана гьел. Мукъадасаб Рокъов жанив тирулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби, чІухІби-хІакимзаби. 28Гьез ГІисада гьикъана:
– Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? – абун.
29ГІисаца гьезие жавабалъе абуна:
– Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьеб ихтияр кьурабали. 30Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Кье дие жаваб.
31Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан. 32ГІадамаздасан букІанин абуни...» Гьедин абизеги, халкъалъукьа хІинкъун рукІана гьел, киназго ЯхІя хІакъав авараглъун рикІкІунев вукІиндал. 33Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула:
– Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали.

 

12 бетІер

 

ЦІолбол ах ижараялъе кьун тарасул хІакъалъулъ

 

1Мисал бачун, гьезие гьадинаб хабар бицине байбихьана ГІисаца:
– Цо чияс, цІолбол ахги гьабун, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев къватІиве ун вуго. 2ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе цо рагьтІател витІун вуго жиндие кколеб бутІа босизе. 3Доз кквезеги ккун гьев рагьтІател вухун вуго ва чІового нахъе хъамун вуго. 4Гьанже ахил бетІергьанас цоги рагьтІател витІун вуго. Гьесулги бетІер лъукъун буго, инжит-хІакъир гьавун вуго. 5Нахъеги витІун вуго цоги батІияв. Гьевги доз чІван рехун вуго. ГІемерал цогидалги ритІун руго. Гьелги доз цоял рухун, цогидал чІван руго. 6Цинги гьесул хутІун вуго гьениве витІизе цохІо чи – гьесие вокьулев вас. Ахирги гьев витІун вуго ахил бетІергьанас, жиндир васасулгІаги хІурмат гьабилародайилан абун. 7Амма ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, – ирсги нилъеего хутІила». 8Кквезеги ккун, чІвала гьез гьев, гьесул жаназаги ахикьа къватІибе рехула. 9Гьанже щиб гьабилеб дов ахил бетІергьанас? ВачІинеги вачІун, чІвала гьес гьел, ахги цогидазухъе ижараялъе кьела.
10Унго нужеца киданиги ТІехьалда цІалунгойищ букІинчІеб гьадинаб калима: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. 11Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!»
12Гьеб мисал жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана чІахІиял кашишзабазда. ГІиса кквезе хІаракат бахъулеб букІана гьез. Амма халкъалъукьа хІинкъун тезе ккана. Живго гьевги тун, нахъе ана гьел.

 

ГІисае кьолел суалалги гьесул жавабалги

 

Къайсарасе магъало кьеялъул хІакъалъулъ

 

13Цинги гьез цо-цо фарисеялгигьеродилалги ритІула ГІисахъе, гьесул кІал таризабизе кІоларищали бихьизе. 14РачІун гьез ГІисада абула:
– Я МугІалим! Нижеда лъала мун ритІухъав чи вукІин. Лъилниги мурад цІунун, гьесие хІелиги дур пикруялда рекъоларо. Чи вихьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо. Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. Бице нижеда: къануналда рекъон, бегьулебищ къайсарасе магъало кьезе яги бегьуларебищ? Гьа, кьелебищ гьеб нижеца яги кьеларебищ?
15Гьезул хІилла-рекІкІги бичІчІун, ГІисаца абуна:
– Щай нужеца дир хІалал рихьулел? Бихье, цо динар босе гьанибе дихъе.
16Гьез гьеб босун бачІуна. Гьебмехалъ ГІисаца гьикъула:
– Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб?
Къайсарасул бугилан абуна гьез.
17– Къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, – ян абуна ГІисаца гьезда.
Гьесул жавабалъ хІикмалъизаруна гьел.

 

Хварал тІаде рахъинариялъул хІакъалъулъ

 

18Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна:
19– Я МугІалим! Мусаца нилъее бихьизабун буго: «Цо пуланав чиясул вац хвани, гьесдасан лъимерги нахъе хутІичІони, гьесул вацас яче абе жиндирго хварав вацасул лъади, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине». 20Масала, анкьго вац вукІун вуго. ЧІужу ячун хадув, лъимерги нахъе хутІичІого, хун вуго кІудияв вац. 21Цинги гьей ячун йиго хадусев вацас, амма лъимер лъугьиналдего, гьевги хун вуго. Гьебго жо лъугьун буго лъабабилев вацасулги. 22Гьедин анкьавго вацас ячун йиго гьей, ва цонигиясе лъимерги лъугьун гьечІо. Ахиралда жийгоги хун йиго. 23ХІасил, гьей анкьго росасул лъадилъун йикІарай гІадан къиямасеб къоялъ лъил чІужулъун йикІине йигей?
24Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна:
– ТІухьдузда бугеб лъангутІиялъ, яги Аллагьасул къудраталда божунгутІиялъцин гурищ нуж къосинарун ругел? 25Къиямасеб къоялъ тІаде рахъаразда гьоркьор я лъудби, я росал рукІине гьечІо, зобалазда ругел малаикзабазул гІадинаб гІумру букІине буго доба гьезулги. 26Хварал тІаде рахъине рукІиналъул хІакъалъулъ цІаличІебищ нужеца Муса аварагасул хІакъалъулъ бицараб тІехьалда? ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъарахъалда аскІоб Аллагьас гьесда абурабила: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь». 27Аллагь – гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго. Кутакалда къосун руго нуж!

 

Бищунго аслияб амруялъул хІакъалъулъ

 

28Гьезул бахІсалъухъ гІенеккун вукІарав ва ГІисаца кьураб камилаб жаваб рагІарав цо динияв гІалимчияс, аскІове вачІун, гьесда гьикъана:
– Къануналда бищунго аслияб амру щиб кколеб? – абун.
29ГІисаца гьесие жаваб кьуна:
– Бищунго аслияблъун ккола гьадинаб: «ГІенекке, Исраилил уммат! Нилъер БетІергьан Аллагь цохІо вугев БетІергьан вуго! 30Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун». 31КІиабилебги: «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». Гьеб кІиялдасаго тІадегІанаб амру гьечІо.
32Динияв гІалимчияс абуна:
– ЛъикІ буго, МугІалим! ХІакъаб рагІи абуна дуца, Аллагь цо вугилан ва Аллагь тун батІияв цоги бетІергьанги гьечІилан. 33Жиндир тІолабго ракІалдалъун, тІолабго гІакълу-пикруялдалъун, тІолабго къуват-жаналдалъун Аллагь вокьулев вугони ва жинда аскІов вугевги вокьулев вугони, инсанасе гьеб цІикІкІине буго гьесул киналго батІи-батІиял къурбаназдаса.
34Гьесул гІакъилаб калам рагІараб мехалъ, ГІисаца гьесда абуна:
– Аллагьасул ПарччахІлъиялдаса мун рикІкІад гьечІевин.
Гьелдаса хадуб тІокІаб лъилниги бахІарчилъи гІечІо ГІисада щибниги гьикъизе.

 

«Давудил вас гуро МасихІ»

 

35Хадубги Мукъадасаб Рокъоб вагІза гьабулаго, ГІисаца абуна:
– Диниял гІалимзабаз щай абулеб МасихІДавудил вас вугилан. 36Илагьияб РухІалъ малъун Давудица жинцаго гурищ абулеб бугеб: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІазда цере чІезаризегІан“». 37Гьедин Давудица жинцаго МасихІиде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев?
ГІемераб халкъ букІана ГІисал гьединал вагІзабазухъ гъира-цІаялда гІенеккун.

 

«Диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж!»

 

38ГІисаца гІадамазда малъулаан:
– Воре, гьал диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж. Гьезие бокьула халатал гІабабиги ретІун хьвадизе, базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе, 39синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе. 40Рос хун хутІарал къоролзабазул боцІи-рикъзиги кванала гьез, рихьдаего халатал дугІаби гьарула. Гьеб кинабго цІикІкІун гьабунагІан, гІасияб букІине буго гьезие тамихІ.

 

Къоролалъул садакъаялъул хІакъалъулъ

 

41Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалда дандвитІун гІодовги чІун, ГІиса валагьун вукІана гьенибе гІарац рехулел гІадамазухъ. Чанги бечедал гІадамаз гІемераб гІарац рехулеб бугоан гьенибе. 42ЯчІун цо мискинай къоролалъ рехана бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац. 43Жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьанибе садакъаде гІарац рехаразул бицани, гьадай мискинай къоролалъ бищунго цІикІкІунин кьураб. 44Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб.

 

13 бетІер

 

Дуниялалда ккезе бугелъул хІакъалъулъ

 

Мукъадасаб Рукъ щущазабизе буго

 

1ГІиса Мукъадасаб Рокъоса къватІиве лъугьиндал, гьесул цо муридас гьесда абуна:
– Я МугІалим! Гьал къадазулъ лъурал ганчІазул чІахІалъи, гьаб минаялъул кІодолъи!
2Гьесие жавабалъе ГІисаца абуна:
– Гьаб кІудияб кІалгІа бихьулагури дуда? ГанчІида лъураб цониги гамачІ хутІиларо гьаниб кІалагъоркье чІвачІого.

 

Балагьал гІемерлъизе руго

 

3Мукъадасаб Рукъалда дандбитІухъе, Зайтуналъул магІарда гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, батІаго гьесда аскІоре рачІун, Пётрицаги, Якъубицаги, Иоанницаги, Андрейицаги гьарана:
4– Гьаб дуца абулеб бугебщинаб иш кида лъугьине бугебали ва гьеб лъугьинехъин букІиналъе кинаб гІаламат загьирлъизе бугебалиги бице нижеда.
5Гьезие жаваб гьабун, ГІисаца байбихьана:
– Воре, цо лъицаниги къосинаризе гурин нуж! 6Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан абун вачІунев чи. Чангиял гьез къосинаризеги руго. 7Рагъал ккун ругилан ва ккезехъинги ругилан рагІани, гьелдаса нуж хІинкъуге. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, ва гьеб жеги ахирзаман гуро.
8Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. БакІ-бакІалда ракь багъарила, ракъи баккила. Гьеб ккола лъимер гьабизе хІара чІваялъул гІадинаб унтиялъул байбихьи. 9Нужеца нужеего гІамал гьабе: щаян абуни, дун сабаблъун нуж судалде ахІила, синагогабазухъе рачун рухила, наибзабазда ва парччахІзабазда цере чІезарила, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе. 10Амма ахирзаман тІаде щвелалде киналго халкъазда Рохалил хабар лъазабун букІина. 11Судалда цере чІезе нуж рачараб мехалъ, щибдай бицинаян цебеккунго ургъел ккоге нужеда. ГьебсагІат нужерго рекІелъе рещтІараб жо абун биччай. Щайгурелъул нуж гуро гьебмехалъ кІалъазе ругел, нужер рекІелъе рещтІараб Илагьияб РухІин кІалъазе бугеб.
12Вацас вац кьезе вуго чІвазе, инсуца вас кьезе вуго. Жидерго эбел-инсуда данде рахъун, лъималаз гьелги кьезе руго чІвазе. 13Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила.
14БукІинего бегьулареб бакІалда чІунтелалъул къабихІлъи[6] бихьила нужеда, – цІалулесда лъалин гьелъул магІна, – гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругелал. 15Гьеб къоялъ тІохда вугев гъоркье рещтІунгеян абе, къваригІараб-тараб босизе рокъове жаниве лъугьунгеян абе. 16Хурив вугевги жиндирго ретІел босизе нахъвуссунгеян абе. 17Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! 18Хасало лъутизе ккогегиян гьари-дугІа гьабулел рукІа нуж. 19Щаян абуни, гьебмехалъ рещтІине буго Аллагьас дуниял бижаралдаса гьанжелъагІан букІинчІеб ва хадубккун букІине къотІиги гьечІеб гІадинаб балагь. 20Гьел къоял къокълъизаризе БетІергьанасул къадар букІинчІебани, цониги рижи хвасарлъизе букІинчІо. Амма жинцаго тІаса рищарал гІадамазе гІоло гьел къоял къокъ гьаризе хІукму буго гьесул. 21Гьебмехалъ нужеда лъицаниги абуни МасихІ гьале гьанив вугилан, яги дова вугилан, – воре, нуж гьелда божуге. 22Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Бажарани, хІатта тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун, чанги гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез. 23Воре, нуж цІодорго чІа; гьале дица цебеккунго лъазабун толеб буго нужеда!

 

ГІадамил Лъимер кІиабизеги вачІине вуго

 

24Дол къоязда, гьеб гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб, бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина. 25ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила. 26Ва гьебмехалда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. 27Зоб-ракьалъул цо рагІалдаса цоги рагІалде щвезегІан ункъабго рахъалдаса жинцаго тІаса бищараб агьлу данде бакІаризе жиндирго малаикзабиги ритІила гьес.

 

Инжиралъул гъотІол мисал

 

28Нужеца мисалалъе босе инжиралъул гъветІ. Гьелъул гІаркьалабазда гІекІ базе ва тІамах бижизе байбихьараб мехалъ нужеда лъала рии тІаде щолеб бугеблъи. 29Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала гьеб нуцІикІалтІе щун бугеблъи. 30ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго. 31Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго. 32Амма цониги инсанасда лъаларо гьеб къо, гьеб сагІат кида тІаде щвезе бугебали. Я зобалазул малаикзабазда лъаларо, я Васасда лъаларо, гьеб лъала цохІо Инсуда.

 

«Воре, нуж рорчІуда чІа!»

 

33Воре, нуж рорчІуда чІа, кида бачІунебали лъаларелъул гьеб заман. 34Масала, пуланав чи сапаралъ унев вугони, гьес щивасе хІалтІи бикьун рукъалъул иш рагьтІателазда тІадкъан тола ва кавудул кІалтІа вугев хъаравуласдаги абун тола ворчІуда чІайилан. 35Гьедин нужги рорчІуда чІа! Нужеда лъаларелъул рукъалъул бетІергьан кида тІадвуссун вачІиневали: маркІачІумехалъищ, яги сордо бащалъараб мехалъищ, яги радакье хІелеко бахъараб мехалъищ, яги рогьа-роцІараб мехалъищали. 36Гурони, тохлъукье тІаде рехун гьев вачІараб мехалъ, кьижун ратила гьесда нуж! 37Нужеда гуребги, цогидаздаги абулеб буго дица: воре, нуж рорчІуда чІа!

 

14 бетІер

 

Ягьудиязул кашишзаби ургъула ГІиса тІагІинавизе

 

1КІиго къо хутІун букІана Пасхаялъул ва РеччичІел Панкъазул Байрамалъул анкь тІаде щвезе. ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун ГІиса чІвазавизе рес кколарищали. 2Амма абулеб букІана байрамалъул къоялъ лъикІ гурилан, халкъалъул дандечІей багъаризе бегьулилан.

 

Цо чІужугІаданалъ ГІисае гьабураб лъикІлъи

 

3Барасалъ унтарав Симон абулев чиясул бакІалда Бетания росулъ кваназе гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, тІаде ячІуна махІ гьуинаб цІакъ къиматаб ва бацІцІадаб нахул цІураб щагІил сурахІиги босун, цо пуланай чІужугІадан. СурахІиги бекун, гьелъ гьеб нах ГІисал ботІроде чІехьола. 4Гьенир рукІарал цо-цо гІадамал ццин бахъун лъугьуна. Гьез цоцазда абулеб букІана:
– Щай гьабгощинаб нах гІадада хвезабулеб? 5Бичун букІарабани, лъабнусго динаралдаса цІикІкІараб гІарац щвелаан гьелъухъ, цинги мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб.
Гьедин гьей чІужугІаданалдаса рази гьечІого гаргадилел рукІана гІадамал. 6ГІисаца гьезда абуна:
– Те гьей жийго! Щай нужеца гьей къварид гьаюлей? Дие лъикІлъи гьабулейлъидал гьей йигей. 7Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор, бокьанщинахъе нужеца садакъа кьезе. Дунин абуни кидаго гуро нужгун вукІунев. 8Гьелъ гьабуна жиндихъа бажарулеб иш; цебеккунго дир черхалда тІаде махІ гьуинаб нахги тІун, хабалъейин гьелъ дун къачІалев вугев. 9ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: тІолабго дуниялалда Рохалил хабар лъазабунщинаб бакІалда бицен букІине буго гьай гІаданги ва гьалъ дие гьабураб лъикІлъиги ракІалде щвезабун.

 

Ягьуда Искариот ГІисае хилиплъула

 

10АнцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вукІарав Ягьуда Искариот ана гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазухъе, ГІиса гьезда кодове кьезе разилъун. 11Гьеб хабаралдаса дол цІакъ рохана, ва Ягьудае гІарац кьезе къотІиги гьабуна гьез. Цинги Ягьудаца балагьулеб букІана ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб бакІги заманги.

 

Пасхаялъул квен

 

12РеччичІел Панкъазул Байрамалъул тІоцебесеб къоялъ, Пасхаялъул къурбаналъе кьегІер хъолеб къоялъ, муридаз ГІисада абуна:
– Пасхаялъул квен киб кваназе дуе бокьилеб? Инеги ун, нижеца хІадур гьабила гьеб.
13Гьебмехалъ ГІисаца жиндирго кІиго муридасда тІадкъала:
– Нуж а гьанже шагьаралде. Лъел гІеретІги цІун вачІунев цо чи ватила нужеда. Нуж гьесда хадур а. 14Цинги гьев жаниве лъугьараб рукъалъул бетІергьанасда нужеца абе: «МугІалимасе лъазе бокьун буго жиндирго муридалгун цадахъ Пасхаялъул квание рукъ киб бугебали». 15Гьес нужеда бихьизабила чІухІизабун къачІараб гІатІидаб тІасарукъ. Гьеле гьениб гьабе нужеца нилъеего Пасхаялъул квен.
16КІиявго мурид шагьаралде ана ва гьенире щведал, ГІисаца абухъе, ишги тІубана. Цинги Пасхаялъул квенги хІадур гьабуна.
17Дуниял рукІкІараб мехалъ анцІила кІиявго чапаргун цадахъ ГІиса гьенив парахалъула. 18ГІодор чІун кваналел рукІаго, ГІисаца абула:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида цадахъ гьанир кваналел ругел нужер цояв дие хилиплъила.
19ЦІакъ пашманлъун лъугьуна гьел. Цин-циял рахъун цІехола:
– Дун гуро гурищ? – абун.
20ГІисаца гьезда абула:
– Дида цадахъ гьаб гъадриниб чед ччулев вугев анцІила кІиявго чапарасда гьоркьов вуго гьев. 21ГІадамил Лъимадул иш ккезе буго ТІухьдузда хъван бугеб куцалда. Амма квешаб балагь рещтІине бугебха ГІадамил Лъимер тушбабазул кверде кьурав чиясде. Дуниялалда вижичІевани лъикІан гьесие.
22Гьедин кваналел рукІаго, ГІисаца, цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун гьезухъе кьуна:
– Босе, кванай. Гьаб буго дир черх!
23Цинги, чогърол цІураб щурунги кодобе босун, Аллагьасе реццги гьабун, гьезухъе кьуна ГІисаца. Кинацаго иргадал гьекъана гьеб щурумалъуса. 24Гьес абуна:
– Гьаб буго гІемерав чиясе гІоло тІолеб дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. 25ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъиялда цІияб чагъир гьекъолеб къо тІаде гІунтІизегІан дица гьаб цІолбол цІцІураб жа тІокІаб гьекъезе гьечІо.
26Цинги гьез туркаби ахІана, гьениса рахъун ун, Зайтуналъул магІарде рахана.

 

«Дуца дидаса инкар гьабила»

 

27ГІисаца гьезда абула:
– ЯхІ рехизе буго нужеца кинацаго, ТІехьалда хъван бугелъул: «Дица вехь чІвала, гІиги рахъ-рахъалде тІурун ина». 28Хун хадув чІаголъараб мехалъ нужедаса цеве щвела дун Галилеялде.
29Пётрица гьесда абуна:
– Киназго яхІ реханиги, дица яхІ рехиларо.
30ГІисаца гьесда абула:
– ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гьанже радакье хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабизе буго дуца дидаса.
31Амма Пётрица цІакъ ракІчІезабун абулеб букІана ГІисада:
– Дуда цадахъ хвезе кканиги, дица дудаса инкар гьабизе гьечІо, – ян.
Гьединго абулеб букІана киналго цогидазги.

 

Гетсемания ахикь ГІисал гьари-дугІа

 

32Гьале гьел щвана Гетсемания абулеб бакІалде. ГІисаца жиндирго муридазда абуна:
– Нуж гьанир гІодор чІун рукІа, дун Аллагьасе гьари-дугІа гьабун вачІинегІан.
33Пётрги, Якъубги, Иоаннги рачана ГІисаца жиндаго цадахъ. РакІ хІинкъараб ва къваридаб ургъалилъе ккана гьев. 34ГІисаца гьезда абуна:
– Хвалил гІазаб буго дир рекІее. Нуж гьанир рукІа! РорчІуда чІа!
35Цинги, дагьав довегІанги ун, кІалагъоркьеги речІчІун, Аллагьасда гьардезе лъугьана, бегьулеб батани гьеб хвалил сагІат рикІкІад гьабейилан. 36Гьес абулеб букІана:
– Абба![7] Я дир Эмен! Мун сундуего хІалкІолев вугелъул, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте!
37ТІадвуссун вачІиндал, ГІисада гьел кьижун ратана. Гьес Пётрида абуна:
– Симон! Кьижунищ мун вугев? Цо сагІаталъ кьижичІого яхІ гьабизе кІвечІеб къагІидаха дуда? 38Воре, нуж рорчІуда чІа! Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. Инсанасул рухІ – лебалаб, черх – загІипаб.
39Нахъеги довегІанги ун, додинго Аллагьасда гьардезе лъугьана ГІиса. 40Гьанжеги тІадвуссун щведал, ГІисада гьел ратула, беразул тІелхал бакІлъун, кьижун ккун. Щиб жаваб кьелебали лъаларого хутІана гьел. 41Лъабабизеги додинго тІадвуссун щведал, ГІисаца гьезда абула:
– Нуж жеги рахІаталда кьижунищ ругел? Гьале, тІубанагури кинабго! ТІаде гІунтІана доб ГІадамил Лъимер мунапикъзабазул кверде кьолеб сагІат. 42Гьа, рахъа! Доле хиянатчи тІаде щолев вугин!

 

ГІиса ккун вачун уна

 

43ГІисаца гьедин абулаго, тІаде щвана Ягьуда, дол анцІила кІигояздасан цояв. Гьесда цадахъ хвалчабигун ва тІилалгун тІаде бачІунеб букІана чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги, чІухІби-хІакимзабазги битІараб гІемераб халкъ. 44Хиянатчияс гьезда лъазабун букІана: «Дица убач гьабурав чи ГІиса вукІина. Цинги ккве нужеца гьев. Вореха, хъаравуллъи кутакаб чІезабе!»
45Ягьуда битІун ГІисада аскІове уна, «Рабби!» – янги абун, гьесда убач гьабула. 46ГьебсагІат тІад речІчІун гІадамаз ГІиса къан ккола. 47Гьебмехалъ ГІисал цо муридас бахъун хьвагІараб хвалчаца цо чиясул (гьев вукІана кІудияв кашишасул рагьтІател) гІин къотІун рехула. 48Гьездехун вуссун ГІисаца абула:
– Хвалчабигун, тІилалгун хъачагъасде гІадин кІанцІанагури нуж дун кквезе. 49Щибаб къоялъ нужее вагІза-насихІат гьабулев Мукъадасаб Рокъов вукІунаангури дун. Гьениб нужеца диде квер борхичІо. Амма ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе биччанте!
50Гьебмехалъ ГІисал киналго муридал, вукІаралъув гьевги тун, лъутун уна. 51ГІицІаб черхалда тІад шаршавги жемун, цо гІолохъанчи вукІана гьесда хадув вачІунев. Амма рагъухъабаз гьев къан ккуна. 52Шаршавги гъоркьго тун, толохІочго лъутун ворчІана гьев.

 

ГІиса тІадегІанаб судалда цеве чІезавула

 

53ГІиса вачана бищунго кІудияв кашишасухъе. Гьенир данделъун рукІана чІахІиял кашишзаби, чІухІби-хІакимзаби ва диниял гІалимзаби. 54Пётрги вукІана нахъа-нахъа чІун вачІунев. Бищунго кІудияв кашишасул азбаралъувеги лъугьана гьездаго хадув цун. Цинги рагъухъабазда аскІов кІусун, цІадухъ хинлъулев вукІана.
55Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги тІолабго тІадегІанаб судалъги балагьулеб букІана ГІиса чІвазе къотІиялъе гІураб гІайиб гьесде гІунтІизабизе цогІаги нугІлъи. Амма гьеб гьезухъе щолеб букІинчІо. 56ГІемер рукІана гьересинугІлъи гьабулел чагІи, амма гьез бицараб жо данде кколеб букІинчІо. 57Цере рахъун цо-цо гьересинугІзаз гьадин абулеб букІана:
58– Нижеда рагІана гьес абулеб гьаб инсанасул квераз гьабураб Мукъадасаб Рукъ щущазабила дица ва лъабго къоялде, лъицаниги квер хъвачІого, цІидасан банги кьелаян.
59Амма гьелъие нугІлъи гьабулел гІадамаз бицунебгицин данде кколеб букІинчІо. 60Гьебмехалъ тІаде вахъун бакьулъ эхетун бищунго кІудияв кашишас ГІисада гьикъана:
– Дуда данде нугІлъи гьабун гьаз бицунеб бугеб жоялъе жаваб кьезе рагІигойищ дур гьечІеб?
61ГІиса, микъан кІалъачІого, вуцІцІун чІун вукІана. Бищунго кІудияв кашишас цоги суал кьуна гьесие:
– Бице, мунищ кколев РахІманасул Вас МасихІ?
62– У, – ян абуна ГІисаца. – Нужеда вихьила ГІадамил Лъимер, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІунги ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІуневги.
63Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашишас, жиндаго тІад букІараб ретІелги тІу-тІун балаго[8], абуна:
– ТІокІалги сундуе нилъее нугІзал къваригІарал? 64Нужеда рагІанагури гьасул гІасиял-пасикъал рагІаби. Щиб пикру нужер бугеб?
Киназго абуна гьев чІвазе къотІизе кколилан.
65Рахъун цо-цоял гьесде тударулел рукІана. Беразда чІортоги бухьун, кьабулеб букІана гьесда:
– Ле, авараг, лъица кьабурабали бице! – янги абулаго.
Цинги рагъухъабиги лъугьана гьев вухизе.

 

Пётрица ГІисадаса инкар гьабула

 

66Азбаралъув гъоркьа вукІарав Пётрида аскІое ячІана бищунго кІудияв кашишасул цо гъараваш. 67ЦІадухъ гІодов чІарав гьесухъги ялагьун, гьелъ абуна:
– Мунги вукІанагури Назареталдаса ГІисада цадахъ.
68НагІадала ккун инкар гьабуна Пётрица. Дуца бицунеб жо щибилан, гьеб жинда бичІчІуларилан чІана гьев.
Цинги Пётрица къватІибехун нух босана. Гьебмехалъ бахъана хІелеко гІегІедулеб гьаракь. 69Нахъеги гьев вихьун, гъаравашалъ гьенир рукІаразда бицана гьавги дозул чи вугилан. 70Гьанжеги нагІадала ккуна Пётрица.
Цо заманаялдасан нахъеги тІаделъана гьесде дол гІадамал хІакъикъаталдаги мун дозул чи вугин, мунги Галилеялдаса вукІине кколин. 71Амма Пётр Аллагьасул цІар бахъун гьедаризе лъугьана гьев нужеца бицунев чи жинда лъаларилан. 72Гьебмехалъ кІиабизеги гІегІедана хІелеко. Пётрида ракІалде щвана ГІисаца жинда абун рукІарал рагІаби: радакье бахъун хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан. ГІек-гІекиялда гІодана гьебмехалъ Пётр.

 

15 бетІер

 

ГІиса Пилатида цеве чІезавула

 

1Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги ва тІолабго тІадегІанаб судги данделъун хІукму тасдикъ гьабуна ва, вухь-вухьун вачун, ГІиса Пилатихъе кьуна. 2Пилатица ГІисада гьикъана:
– Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ?
ГІисаца жаваб кьуна:
– Дуца абулеб бугоха гьедин.
3ЧІахІиял кашишзабаз гьениб гІемер батІи-батІияб гІайиб гІунтІизабуна ГІисаде. 4Пилатицайин абуни нахъеги гьикъана ГІисада:
– Дуца жавабго кьолареб кинаб? Дуде гьаз гІунтІизабулеб бугебщинаб гІайиб бихьуларищ?
5Гьел суалазеги ГІисаца щибго жаваб кьечІелъул, Пилат гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана.

 

ХІукму гьабула Барабба виччазе ва ГІиса хъанчида вазе

 

6ГІадат букІана халкъалъ цІар чІварав цо туснахъ Пилатица байрамалъул къоялъ къватІиве виччалеб. 7Пуланаб питнаялда гІахьаллъун чи чІварал гІадамазда цадахъ гьебго заманалда жанив тІамун вукІана Барабба абулев цо чи. 8Кидаго гІадин жидер мурад тІубаян гьаризе рахъун ахІи базе лъугьана гІадамал, гъун-чІван Пилатихъе рачІунаго. 9Пилатица гьезда абуна:
– ЖугьутІазул парччахІ виччалищ, нужее бокьун батани?
10(Пилатида лъалеб букІиндалха чІахІиял кашишзабазул жахІда-хІусудалъ хІал гьабун жиндихъе кьурав чи гьев вукІин.) 11Амма чІахІиял кашишзабаз халкъ тІамуна Барабба къватІиве виччайилан гьаризе. 12Гьебмехалъ Пилатица гьезда гьикъана:
– ЖугьутІазул парччахІилан абурав чиясе дица щиб гьабизеха нужее бокьун бугеб?
13– Хъанчида вазе витІе! – ян ахІдана гьебмехалъ гІадамал.
14– Гьас гьабураб квешлъигІаги щиб? – абун гьикъана Пилатица гьезда.
Амма гІадамал тІадеги цІакъ ахІдезе лъугьана:
– Хъанчида вазе витІе! – ян.
15Халкъ рази гьабизе бокьун, Пилатица Барабба къватІиве виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна.

 

БагІараб гІабаги зазил хьухьун гьабураб тажги

 

16Рималъул рагъухъабаз ГІиса вачуна сардарасул претория абулеб кІалгІаялъул азбаралъуве. Рагъухъабазул тІубараб полк бахъинабун букІана гьенибе. 17БецІбагІараб ххамил гІаба[9] ххола ГІисада тІад. Зазил хьухьун гьабураб тажги лъола гьесул ботІрода. 18Жидеца ГІиса кІодо гьавулев вугев гІадин:
– ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги! – ян ахІдезе лъугьуна гьел.
19Цинги гІонсоца бетІер бухула ГІисал, тІаде тударула, суждаялда чІун, гьесие бетІер къулулеб ххвел гьабула. 20Инжит-хІакъир гьавун хадуб, доб багІараб гІабаги тІаса бахъун, жиндирго ретІел ретІуна гьесда тІад. Ва хъанчида вазе вачун уна.

 

ГІиса хъанчида вала

 

21Хуриса вуссун вачІунев данде ккана Киренеялдаса Симон абулев цо чи – Александрилги Руфилги эмен. Гьесда баччизабуна гьез ГІисае гьабураб хъанч. 22Цинги ГІиса вачана Голгота абулеб бакІалде. Гьелъул магІна ккола «Гвангвара гохІ». 23Мехтизе гьарулеб гьекъолеб жоялъул цІун щурун кьуна гьесухъе. Амма ГІисаца гьеб гьекъечІо. 24ГІиса хъанчида вана, ва лъица щиб босилебали можоро тІамун, ГІисал ретІел жидедаго гьоркьоб бикьизе лъугьана рагъухъаби. 25Радал сагІат ичІго тІубан букІана ГІиса хъанчида вараб мехалъ. 26Гьесде гІунтІизабураб гІайиб рехсараб хъвай-хъвагІайги гьабун букІана хъанчида, «ЖугьутІазул парччахІ» абун. 27КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ хъанчида ван: цояв кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда.
28-29Цересан унел гІадамаз, гьев хІакъир гьавун, абулеб букІана бутІрулги хьвагІулаго:
– Ле, щущазабун Мукъадасаб Рукъгун, лъабго къоялде гьеб цІидасан балев багьадур! 30Мунго хвасар гьаве! Хъанчидаса гІодове рещтІа!
31Гьебго къагІидаялда гьев хІакъир гьавун, цоцазда гаргадулел рукІана чІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги:
– Цогидал хвасар гьарилилан вукІанин, живго хвасар гьавун бажаруларев чи! 32Исраилил умматалъул парччахІ – МасихІ гьев ватани, рещтІа абе гьанже нилъеда вихьизе хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда.
Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалгицин рукІана ГІисаде хьанделел.

 

ГІисал рухІ босун уна

 

33Къалъул гІужалда сверухъе тІолабго дуниял бецІлъана. Гьеб бецІлъи тІаса инчІо сагІат лъабго тІубазегІан. 34СагІат лъабго тІубараб мехалъ, цо гучаб гьаракьги гьабун, ГІисаца ахІана:
– Элои, Элои! Лема шевактани! – абун. (Гьелъул магІна букІана: «Дир Аллагь! Дир Аллагь! Щай дуца дун рехун тарав?»)
35Гьенир рукІарал цо-цояз, гьеб рагІараб мехалъ, абулеб букІана: «ГІенекке, Иляс аварагасде ахІи балеб буго!» – ян. 36Гьебмехалъ векерун ун гьезул цояс, цІекІаб чагъиралдаги ччун, чІорто босун бачІана, гІорол тІогьибги бухьун, гьесухъе бегьана. Гьев чияс абулеб букІана:
– ЧІа, гьанже бихьилин хъанчидаса гьев вахъизе Иляс авараг вачІунищали.
37Цоги гучаб гьаракь гьабуна ГІисаца. Ва гьесул рухІ босун ана. 38Мукъадасаб Рукъалъул хирияб бакІалда бигъун букІараб пардав тІарадаса ахаде щвезегІан кІихІи бихъун ана гьебмехалъ. 39Рагъухъабазул нусилбетІер вукІана ГІисал хъанчида дандвитІун эхетун. Гьедин ГІисал рухІ босараб куц бихьидал, гьес абуна:
– ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго.
40Гьенир нахъегІан чІун ралагьун руччабиги рукІана. Гьезда гьоркьор рукІана Магдалаялдаса Марямги, гьитІинав Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Саломеяги. 41Гьел рукІана ГІиса Галилеялда вугеб мехалъго гьесда хадур рачІун, гьесие хъулухъалъе чІарал руччаби. Гьел гурелги, гьесда цадахъ Иерусалималде рачІарал цогидал руччабиги гІезегІан рукІана гьенир.

 

ГІиса хабалъ вукъула

 

42-43Гьеб букІана рузман къо. Шаматалда цебесеб къо букІиндал, бакъ щинкІилалдего вачІун тІаде щвана тІадегІанаб судалда гьоркьов гІахьаллъулев ва халкъалда жаниб жиндир къадру-къимат бугев Ариматеялдаса Юсуп абулев чи. (Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав чи вукІана гьев.) Гьев хІинкъичІого Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе. 44ГІиса хванилан рагІидал, гІажаиблъун хутІана Пилат. Дол рагъухъабазул нусилбетІерги ахІун, гьесда гьикъана цевегойищ хваравилан. 45Гьев нусилбетІерасдасан ГІисал хвалил хІакъикъат лъарабго, Пилатица изну кьуна гьесул жаназа нахъе босизе.
46Бичун босун бацІцІадаб хІебетгун, Юсупица ГІисал жаназа хъанчидаса бахъана ва, хІебтил мусруги бан, гьеб букъана кьурулъ бикІун къачІан букІараб нохъодул хабалъ. Нохъодул кІалтІе цо кІудияб гамачІги гиризабун тана. 47Магдалаялдаса Марямги Юсупил эбел Марямги рукІана ГІиса хабалъ лъолеб бакІалъухъ ралагьун.

 

16 бетІер

 

ГІиса хабалъ ватичІо

 

1Шамат къо индал, Магдалаялдаса Марямицаги, Якъубил эбел Марямицаги, Саломеялъги бичун босана ГІисал мусруялда бахине гьуинал махІазул нах. 2Цинги анкьил тІоцебесеб къоялъ[10] цудунго рахъун ун, гьел ГІисал хабаде щолеб мех букІана гьанжего-гьанже бакъ баккулеб гІуж. 3Нохъодул кІалтІаса гамачІ лъицадай нахъе гиризабилаян ургъел бикьулел рукІана гьел. 4Амма гамачІ нахъе гиризабун батана. (ЦІакъ кІудияб гамачІни букІана гьеб.) 5Жанире лъугьиндал, гьезда гьенив кваранаб рахъалда гІодов чІун ватана хъахІаб гІаба ретІарав цо гІолохъанчи. РакІ гъанцІун лъугьана гьел.
6– ХІикмалъуге нуж, – ан абуна гьес руччабазда. – Хъанчида ван хвезавурав Назареталдаса ГІисайин нужеца валагьулев вугев. Гьев хваралъуса вахъана. Гьев гьанив гьечІо. Гьале гьесул жаназа лъун букІараб бакІ. 7Нужеца, инеги ун, гьесул муридаздаги Пётридаги абе Галилеялде ГІиса нужедаса цеве щвезе вугилан. ГІисаца цебеккунго лъазабун букІараб куцалда, дова вихьилин жидеда гьев.
8Кутакалда хІинкъарал ва хІикмалъарал гьел руччаби, сородилаго гьеб нохъодаса къватІире кІанцІун, рекерун нахъе ана, гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицинеги кІвечІо гьезда.

 

Магдалаялдаса Марямида вихьула ГІиса[11]

 

9Анкьил тІоцебесеб къоялъ бакъ баккилелдего хваралъуса вахъарав ГІиса гьебго къоялъ тІоцеве вихьана анкьго шайтІан гьес жиндир чорхолъа бачахъун букІарай Магдалаялдаса Марямида. 10Инеги ун, гьелъ ккараб иш бицана цере ГІисада цадахъ рукІаразда – гьесда хадуб ракІ бухІун гІодилел рукІаразда. 11Амма гьел божичІо ГІиса чІаго вугин ва гьев жинда вихьанин абураб Марямил рагІиялда.

 

КІиго муридасдаги вихьула ГІиса

 

12Гьелдаса хадуб цоги батІияб сипаталда ГІиса вихьана шагьаралдаса росулъе унев вукІарав кІиго муридасдаги. 13ТІад руссун рачІун цогидаздаги бицана гьез жидедаги ГІиса вихьанилан, амма цогидал муридал гьездаги божичІо.

 

ГІиса анцІила цо чапарасдаги вихьула

 

14Ахирги ГІиса тІаде вачІуна анцІила цо чапар кваналев вукІараб бакІалде. Гьес гьезие бадибчІвай гьабула ракІ согІал чагІи ругин нужилан ва жив чІаголъун вихьарал гІадамазда божичІилан. 15ГІисаца гьезда абуна:
– Гьаб дуниялалда киса-кирего щун, тІолабго Аллагьас бижанщиналда лъазабе нужеца гьаб Рохалил хабар. 16Диде иман лъурав ва лъадалъ ччун вахъун жиндир мунагьал чурарав чи хвасарлъизе вуго. Амма иман лъечІезе тамихІ букІина. 17Диде иман лъурал ратІа гьарулел гІаламатал гьадинал рукІина: дир цІаралдалъун гьезда кІвела жундул рачахъизе ва гьезухъа бажарила батІи-батІиял мацІазда кІалъазе. 18Борхьал кодоре рачаниги, загьру гьекъаниги, тІириги зарал лъугьинаро гьезие; унтаразда квер хъвани, гьелги сахлъила.

 

ГІиса зобалазде восун уна

 

19Гьедин гьезие хабар бицун лъугІараб мехалъ, ТІадегІанав ГІиса зобалазде восун ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда рещтІана. 20Муридалин абуни, гьениса рахъун ана киса-кибего Рохалил хабар лъазабизе. ТІадегІанасги квербакъулаан гьезие, ва гьез бицарабщинабги мугІжизатаздалъун ритІухълъулаан. Амин!

 

 

Лукаца бицараб Рохалил хабар

Лукаца бицараб Рохалил хабар

 

«Лукаца бицараб Рохалил хабар» хъван буго нилъер эраялъул І гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялда. Цогидал «Рохалил хабараздаго» гІадин, Лукаца бицаралдаги нужеца цІалила ГІиса МасихІил гІумруялъулги вагІза-насихІатазулги хІакъалъулъ. Лука вукІана Сириялъул Антиохия шагьаралда тІоцебе ГІисаде иман лъураздаса цояв.
Гьесул тІехьалдаги бицунеб буго мунагьалдаса ва хвалдаса гІадамал хвасар гьаризе Аллагьас ГІиса ракьалде витІун вукІиналъул. Гьеб Рохалил хабаралда цІикІкІун батула, ГІиса жидеда гьоркьов гьавураб ва гІураб жугьутІ халкъалдего гІадин, тІолабго гІаламалдеги витІун вукІиналъул хІакъалъулъ. Гьединго гьениб ГІисаца абулеб буго жинца Рохалил хабар бищунго цебе мискиназда ва ресукъазда бицине кколин, бечелъиялъул бугеб заралалдаса халкъ цІунизеги кколин. Гьаб тІехьалда гІемер бицун буго Аллагьасул гурхІел-рахІмуялъулги, рекІекълъун тавбу гьабуразул мунагьал чурун, гьев тІасалъугьине вукІиналъулги.
Цогидал «Рохалил хабараздаго» гІадин, ахиралдаги хъвалеб буго Иерусалималда ГІисаца бараб ахирисеб анкьалда ккарал ишазул, гьесул хвалил ва хваралъуса вахъиналъул хІакъалъулъ.
«Лукаца бицараб Рохалил хабар» ккола гьесго хъвараб цо кІудияб асаралъул тІоцебесеб бутІа. Гьебго асаралъул кІиабилеб бутІа буго хадур ккарал лъугьа-бахъиназул бицунеб тІехь – «Чапарзабазул ишал». КІиябгоги тІехь Лукаца хъван буго жинцаго иманалде ахІарав Теофил абулев чиясдехун хитІаб гьабун.

 

1 бетІер

 

Байбихьи

 

1-2Нилъер агьлуялда гьоркьор Аллагьас тІуразарурал ишазул хІакъалъулъ къисаби, байбихьудаса бахъараб гьеб кинабго жидеда бихьарал ва Аллагьасул РагІиялъе жидеца хъулухъ гьабурал гІадамаз рицухъе хъвазе гІемерав чияс хІалбихьана. 3Гьединлъидал, бетІерчІахъаяв Теофил, дидаги лъикІ бихьана, авалалдасанго цІех-рех гьабун, тартибалда кинабго дуе хъвазе. 4Гьаб цІалараб мехалъ дур ракІчІела дуда малъанщинаб жо хІакъаб букІиналда.

 

Закарияе вас гьавизе вуго

 

5ГьеродЯгьудиялъул ханлъун вугеб заманаялда вукІана Абиял тухумалъул чилъун кколев Закария абулев цо кашиш. Гьесул чІужуги йикІана Гьарун аварагасул наслуялъул гІадан. Гьелда цІарги букІана Элисабет. 6Гьел кІиялгоги рукІана Аллагьасул вализаби. БетІергьанасул тІолабго амру-нагью ракІбацІцІадго тІубазабулаан гьез. 7Амма гьезул лъимал рукІинчІо. Элисабет йикІана лъимер гьабуларей гІадан. Гьел рукІана гІолохъанлъиялдаса арал гІадамал.
8Гьале гьанжеги гьезул тухумалде ирга щола Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабизе. 9Кашишзабазул гІадаталда рекъон, можоро тІамидал, Закарияде тІаде ккола, Аллагьасул Мукъадасаб Рокъове жаниве лъугьун, махІгьуинаб нахул кьеккен гьабизе. 10Нахуда цІа бакулев гьев вугеб мехалъ, киналго хутІарал гІадамал рукІана къватІирехун чІун какал ралел. 11Кьеккеналъул кІкІуй тІад беролеб хирияб бакІалъул кваранаб рахъалде Бичасул малаик рещтІана гьебмехалъ Закарияхъе. 12Малаик вихьараб мехалъ, Закария вихха-хочун лъугьана ва кутакалда хІинкъана. 13Малаикас гьесда абуна:
– Мун хІинкъуге, Закария, Аллагьас къабул гьабуна дур гьари-дугІа. Дур лъади Элисабетица дуе вас гьавизе вуго. ЯхІя лъе дуца васасда цІарги. 14Дуе талихІги рохелги босун бачІина гьес, цогидал гІемерал гІадамалги рохила гьев гьавиялдаса. 15Аллагьасда цебе кІодолъи щвела гьесие, чагъирги цогидаб жаги гьекъеларо гьес, эбелалъул ургьив вугеб мехалъго Илагьияб РухІги лъугьина гьесулъе. 16Исраилил лъималазул[1] гІемерисел жидерго БетІергьан Аллагьасде руссинарила гьес. 17Иляс аварагасул хІалкІолъигун ва къудратгун ТІадегІанасдаса цеве вачІун, эбел-инсулги лъималазулги ракІал цоцалъ журазарила гьес, къосун Аллагьасде мугъ рехаралги тІадруссинарила муъминазул гІакъиллъиялде. ТІадегІанав вачІиналде къачІала гьес хІадур гьабураб халкъ.
18Гьебмехалъ Закарияца малаикасда гьикъана:
– Сундалъунха дида гьеб лъалеб? Дунги ригь арав чи вуго, дир чІужуги гІолохъанго гьечІо.
19Малаикас гьесие жаваб кьуна:
– Дун вуго Аллагьасда цеве вугев ЖабрагІил малаик. Гьес дун витІана дуда кІалъазе ва дуда рохел бицине. 20Жиндир болжалалда тІубазе бугеб дица бицараб рагІиялда мун божичІелъул, гьале дур кІал-мацІ кквела ва гьеб иш тІубазегІан кІалъазе кІвеларо дуда.
21Закария къватІиве вачІиналъухъ балагьун чІун букІана халкъ гьебмехалъ. Щайдай гьев Мукъадасаб Рокъов жанив кватІаравилан хІикмалъун рукІана гІадамал. 22КъватІиве вачІараб мехалъ, Закарияда кІвечІо гьезда кІалъазе. Гьезда бичІчІана Мукъадасаб Рокъоб жаниб гьесие Аллагьасул илгьам лъугьараблъи. Гьелдаса хадуб, килщаз ишанал гьарун гурони, кІал бичІун тІокІаб рагІи абичІо Закарияца. 23Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабизе тІадаб заман лъугІидал, Закария жиндирго рокъове тІадвуссана.
24Цинги Элисабетил ургьибе лъимер ккана, ва щуго моцІалъ, къватІи-рокъое яхъинчІого, яхчун чІана. Гьелъ абулаан:
25– Гьале, Аллагь гурхІараб мехалъ, дие гьес гьабураб лъикІлъи, лъимер гьечІолъиялъул бугьтан гІадамазда цебесан дида тІаса ине.

 

ЖабрагІил малаикас Марямида рохел бицуна

 

26-27Анлъабилеб моцІалъ Аллагьас ЖабрагІил малаик витІана Галилея улкаялъул Назарет шагьаралде Давудил наслуялъул Юсупилан цІар бугев чиясе абурай цо ясгІаданалъухъе. Гьелда цІар букІана Марям. 28Гьелъухъе вачІун ЖабрагІил малаикас абуна:
– ЙорчІами, Аллагьасул баркат рещтІарай яс! БетІергьан вуго дуда аскІов.
29Малаикас гьедин абидал, йихха-хочун лъугьана гьей, ва гьел рагІабазул магІна щибдайилан йикІана.
30– ХІинкъуге, Марям! – ан абуна гьелда малаикас. – Бичасул рахІмат насиблъана дуе. 31ГІенеккея, дур ургьибе лъимер ккела, ва дуца вас гьавила. ГІиса абун лъела дуца гьесда цІарги. 32ЦІакъ кІудияв чи вахъина гьесул. ТІадегІанав Аллагьасул Василан абила гьесда. Жиндирго эмен[2] Давудил тах кьела Аллагьас дур васасе. 33Абадиялъего вукІина гьев Якъуб аварагасул халкъалъул ПарччахІлъун, ва гьесул ПарччахІлъиялъе ахирго букІине гьечІо.
34– Росасецин инчІей дие гьеб кин лъугьунеб? – ан гьикъана гьесда Марямица.
35Малаикас абуна:
– Илагьияб РухІ рещтІина духъе. БетІергьанасул хІалкІолъиялъул накІкІул парчаялъ яхчила мун. Гьединлъидал Аллагьасул Васлъун рикІкІина гьеб Илагьияб Лъимер. 36Лъимер-бетІер лъугьунарей гІадамилан рикІкІуней йикІарай дур гІагарай чІужу Элисабетги, гьанже гІолохъанго гьечІониги, лъимаде йиго. Анлъабилеб моцІ буго гьеб ккаралдаса. 37Аллагьасда хІалкІолареб жо щибго букІунарелъулха!
38Гьебмехалъ Марямица абуна:
– Гьале, дун БетІергьанасул лагъ! Дуца абухъе ккезе биччанте дие!
Цинги малаик Марямида аскІоса нахъе ана.

 

Марям Элисабетихъе гьоболлъухъ уна

 

39Гьел къоязда Марям гІедегІун ана Ягьудиялъул мугІрузда бугеб шагьаралде. 40Закариял бакІалде щведал, гьелъ Элисабетие салам кьуна. 41Марямил салам рагІарабго, гьебсагІат Элисабетил ургьиб лъимер кІанцІезе лъугьана. Илагьияб РухІалъул цІуна гьей.
42– Руччабазулъ бищунго баркат кІудияйлъун лъугьана мун, – ан ахІун гьаракь гьабуна Элисабетица. – Баркат кІудияблъун лъугьана дур ургьиб хулараб лъимерги. 43Дир ТІадегІанасул эбел къавулъе ячІинегІанасеб даражаялъул гІаданищха дун! 44Гьале дур салам рагІарабго, бохун кІанцІезе лъугьана дир ургьиб лъимер. 45БетІергьанасдасан дуде бачІараб ругьел тІубазе бугелъул, гьелда божарай мун гьардарай гурищ.

 

Марямица Аллагьасе рецц гьабула

 

46Марямица ахІана:
– Аллагь кІодо гьавизе лъугьун буго гьинал ракІ.
47Гьес дун хвасар гьаюлин бохун буго дир рухІги.
48Дун пакъирай лагъалда Бичасул бер речІчІидал,
Баркат бугей гІаданлъун гІаламалъ рикІкІина дун.
49Жиндир цІар мукъадасав къудратав БетІергьанас
КІудаб даражаялде яхине гьаюна дун.
50ГІибадат гьабуразул наслабазда гурхІана.
51Гучаб гьесул къуваталъ чІухІарал къезарула,
Гьезул квешал къасдалги къинарула киналго.
52БетІергьанас пахруял тахидаса рехула,
Пакъирал, кІодо гьарун, тІадегІанлъизарула.
53Ракъаразе Аллагьас къваригІанщинаб кьола,
Бечедал рачахъула, щибго жоги кьечІого.
54-55Дол нилъер умумузда абун букІараб куцалъ,
Ибрагьимил лъугьарал киналго наслабазда
Абадул абадиялъ гурхІилин кьураб рагІи
РакІалде щун, Аллагьас жиндирго лагълъун кколеб
Исраилил халкъалъе кумек гьабуна гьанже.
56Гьениб лъабго моцІги бан, Марям тІадюссун жиндирго рокъое ана.

 

ЯхІя гьавиялъул хІакъалъулъ

 

57Къо тІаде щвараб мехалъ, Элисабетие вас гьавуна. 58Аллагь гурхІун гьелъие лъимер гьабун бугин рагІараб мехалъ, гьелда рахьи базе рачІунел рукІана Элисабетил мадугьалзабиги гІагарал чагІиги. 59Микьабилеб къоялъ васасе сунат гьабизе рачІарал чагІазе бокьана, инсудаго гІадин, васасда цІарги Закария лъезе. 60Гурин, васасда цІар ЯхІя лъезе кколилан абуна Элисабетица. 61Гьез гьелда абуна:
– Нужер гІагарал чагІазда гьоркьов гьединаб цІар бугев чи гьечІо гури, – ян.
62Цинги, квераз ишан гьабун, Закарияда бичІчІизабуна васасда щиб цІар лъезе дуе бокьун бугебилан. 63Цо хъарщиги бачІинабун, Закарияца гьелда тІад хъвана: «Васасда цІар ЯхІя лъезе ккола», – ян. Киналго гІажаиблъана гьебмехалъ. 64Гьеб лахІзаталда Закариял кІал ричІун бачІана, мацІалдаса гарацІ бичун ана ва Аллагьасе рецц гьабун кІалъазе лъугьана. 65Мадугьалзабазул рекІелъеги кутакаб хІинкъи лъугьана гьебмехалъ, Ягьудиялъул киналго мугІрузда тІибитІана гьелъул хІакъалъулъ хабар. 66Гьеб рагІанщинас, гьелъул пикру гьабулаго, абулеб букІана:
– Щив чидай вахъина гьадав васасул?
ХІакъикъаталдаги Бичасул хІалкІолъи букІана гьесулъ.

 

Закарияца Аллагьасе рецц гьабула

 

67ЯхІял эмен Закария Илагьияб РухІалъул цІуна, Аллагьасдасан рачІарал гьадинал рагІаби абуна гьес:
68– Исраилил халкъалъул БетІергьан Аллагьасе рецц гьабилин,
Нилъехъе вачІун гьес нилъ тархъан гьаридал.
69Гьес жиндирго лагъ Давудил кьолбодасан нилъее кьела
Нилъ хвасар гьаризе къудрат бугев чи.
70НекІо заманаялда жиндирго аварагзаби ритІун,
Гьес нилъее рагІи кьун букІана:
71Нилъер тушбабаздаса ва нилъ рихаразул квердаса
Жинца хвасар гьарилилан,
72Нилъер умумузда гурхІилилан
Ва мукъадасаб къотІи тІубазабилилан.
73Нилъер умматалъул эмен Ибрагьимие гьес гьа гьедун букІана,
Тушбабазул квердаса хвасарлъун,
74ХІинкъичІого тІубараб гІумруялъ
75РитІухъго ва бацІцІадго
Жиндие тІагІат гьабизе изнуги ресги букІинабилин.
76Мунги, дир лъимер, рикІкІина
Къудратав Аллагьасул авараглъун,
ТІадегІанав МасихІидаса цеве вахъина мун,
Гьесие нух къачІазе
77Ва, мунагьал чурун, нуж хвасарлъилилан
Халкъалда лъазабизеги.
78-79Аллагь гурхІун, гьес нилъее зодисан рогьел рещтІинабила,
Хвалил бецІаб рагІдукь ругезе канлъи букІине,
Ракълиде рачунеб нухги бихьизабила нилъеда.
80ЯхІя кІудияв гІолев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Исраилил халкъалда цеве вахъинегІан гьес гІумру гьабуна гІицІаб авлахъалда.

 

2 бетІер

 

Марямие Вас гьавула

 

1Гьеб букІана кинабго халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабейилан Август къайсарил амру бачІараб заман. 2Сириялда сардарлъун Квириний таралдаса хадуб халкъалъул тІоцебесеб хъвай-хъвагІай букІана гьеб. 3Жиде-жидер шагьаралде хъвай-хъвагІаялъе унел рукІана гІадамал. 4Галилеялъул Назарет шагьаралдаса вахъун Юсупги ана Ягьудиялда бугеб Бетлегьем абулеб Давудил шагьаралде[3] хъвай-хъвагІаялъе, гьев вукІиндал Давудил наслу-зурияталъул чи. 5Цадахъ ячун йикІана гьесие магьари лъурай, лъимер гьабизе мех щварай Марямги. 6Гьале гьадаб шагьаралде щвараб мехалъ, лъимер гьабизе хІара чІвана гьелда. 7Марямица гьавуна жиндирго тІоцевесев вас. Петералда гьезие рещтІине бакІ щун букІинчІелъул, кьуща-рущан цо руссниб лъуна гьелъ лъимер.

 

ГІухьбузухъе вачІун малаикас рохел бицуна

 

8Сардилъ жидерго рехъен цІунун рорчІуда чІарал гІухьби рукІана гьенир цо гІалахалда. 9Гьезухъе рещтІана Бичасул малаик. БетІергьанасдасан бачІараб гвангъараб нуралъ къалъ-къалъизаруна гьел гІухьби, гІасияб хІинкъиялъ къахІан ккуна гьел.
10– ХІинкъуге, – ян абуна гьезда малаикас. – ТІолабго гІаламалъего гІахьалаб кІудияб рохел бицине вачІун вуго дун нужехъе. 11Давудил шагьаралда жакъа гьавуна жинца нуж хвасар гьаризе вугев ТІадегІанав МасихІ. 12Гьелъие гІаламатги буго нужее: руссниб лъун батила нужеда кьущараб лъимер.
13Цойидасанго зобалаздасан малаикзабазул бо рещтІана гьев малаикасда аскІоб. Аллагьасе рецц гьабулаго гьез ахІулеб букІана:
14– ТІадегІанал зобалазда – Аллагьасе рецц!
ГІодоб ракьалда – разилъаразе рекъел!
15Малаикзаби зодире тІадруссун роржун индал, гьал гІухьбуз цоцазда абуна:
– БетІергьанасдасан нилъехъе бачІараб гьаб хабаралъул хІакъикъат лъазе, Бетлегьемалде рилълъине рачІа, – ян.
16ГІедегІун доре щведал, гьазда Марямги ятана, Юсупги ватана, руссниб лъун Лъимерги батана. 17Лъимер бихьарабго, гІухьбуз бицана малаикасдасан гьеб Лъимадул хІакъалъулъ жидеда рагІарабщинаб. 18Гьеб рагІанщинав чи хІикмалъизавуна гІухьбузул хабаралъ. 19Марямицани гьел киналго рагІаби хазина гІадин рекІелъ цІунана, ва гьелъул пикрабазда йикІунаан гьей. 20Малаикас жидеда бицухъе иш ккун батидал, бихьаралъухъги рагІаралъухъги Аллагьасе тасбихІги реццги гьабулаго нахъруссун ана гІухьби.

 

Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъове восун вачІуна ГІиса

 

21Микьго къо байдал, Васасе сунат гьабураб мехалъ, гьесие кьуна эбелалъул ургьив гьев хулилалдего малаикас абун букІараб ГІиса абураб цІар. 22Мусал къануналда рекъон, лъимер гьабун хадуб гьел рацІцІад гьаризе кколел къоял тІаде щведал, гьез Вас Иерусалималде вачана БетІергьанасе назру гьавун кьезе. 23(БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон тІоцебе гьабураб бихьинаб рижи БетІергьанасул назрулъун рикІкІунаан.) 24Гьебго къануналда рекъон, къурбаналъе хъвезе кколаан кІиго рохьил микки яги кІиго миккидул тІинчІ.
25Доб заманаялда Иерусалималда вукІана Симеон абурав цо чи. Гьев вукІана жиндилъ иманги варагІги бугев, Исраилил халкъ хвасарлъиялъухъ урхъарав чи. Илагьияб РухІ жинде гІагарлъарав чиги вукІана Симеон. 26Илагьияб РухІалъ гьесие илгьам гьабун букІана Бичасул МасихІ вихьичІого гьев хвезе гьечІилан. 27Илагьияб РухІалъин гьев доб къоялъ Мукъадасаб Рокъовеги вачун вачІарав. Эбелалъги инсуцаги гьитІинав вас ГІисаги вачун вачІана гьениве, къануналъул гІадат тІубазабизе. 28Симеоница, гьевги кодове вачун, Аллагьасе реццги гьабун, гьадин абуна:
29-32– Я, дир БетІергьан, дун дур лагъ, дур къотІи тІубан, гьанже парахатго къадаралде щолев вуго, дирго беразда бихьидал дуца хІадурун букІараб хвасарлъи. Гьаб буго киналго халкъал кантІизарилеб Нур ва дурго Исраилил халкъалъул къадру-рецц!
33Симеоница васасул хІакъалъулъ абурал гьел рагІабаз гІажаиблъизаруна Юсупги Марямги. 34Симеоница гьезие дугІа гьабуна ва гьесул эбел Марямида абуна:
– Гьале гьаб Лъимер сабаблъун Исраилил халкъалъул гІемерисел гІодор ккела ва гІемерисел тІаде рахъина. 35Дурги рекІелъ ханжар къазе буго. Гьаб Лъимер лъугьина Аллагьасул гІаламатлъун, амма гІемерисез гьелда дагІба базе буго, гьелдалъун гІемерисезул рекІелъ ругел къасдал загьирлъила.
36Гьений йикІана Ашерил наслуялъул Пенуэлил яс ХІаннат, жиндилъ кашпу-карамалъи бугей, цІакъго херай гІадан. Анкьго соналъ гурони росасда цадахъ гІумру тІамичІо гьелъ. 37Гьелдаса хадуб ункъоялда ункъо сон къороллъуда арай гьей, къасиги къадги кІал ккун, какал ран, кидаго Мукъадасаб Рокъоса къватІие яхъинчІого, БетІергьанасе тІагІат-гІибадаталда чІун йикІана. 38Гьебмехалъ, аскІоеги ячІун, Аллагьасе реццги гьабун, гьеб Лъимадул хІакъалъулъ бицана гьелъ Иерусалим хвасарлъиялъухъ урхъун рукІаралщиназда.
39БетІергьанасдасан бугеб къануналда рекъон кинабго ишги тІубазабун, гьел Галилеялде, жидерго Назарет шагьаралде, тІадруссана. 40Вас кІудияв гІолев вукІана, гІолохъанлъиялде вахунев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Аллагьасул баркат бессун букІана гьесулъ.

 

ГьитІинав ГІиса Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъове вачІуна

 

41Щибаб соналъ гьесул эбелги эменги унаан Иерусалималде Пасхаялъул байрамалде. 42АнцІила кІиго соналде ГІиса вахиндалги, гІадаталда рекъон, Иерусалималде байрамалде ана гьал, гьевги вачун. 43Байрамалъул къоял индал, ал тІадруссана, гьитІинав ГІиса Иерусалималдаго чІана. Юсупидаги васасул эбелалдаги лъачІо гьев гьенив чІаравлъи. 44Цогидазда цадахъ ун ватилин гьевилан тана гьаз. Цо къойил нух тедал, гІага-божаразда гьоркьов гьев валагьизе лъугьана гьал. 45Гьевги ватичІого, тІадруссун гьев валагьизе Иерусалималде ине ккана. 46Гьале лъабабилеб къоялъ гьазда гьев Мукъадасаб Рокъов ватана мугІалимзабазда гьоркьов, гьезухъ гІенеккун ва гьезда цІехолдулев. 47ГІенеккаралщинал хІикмалъизарун рукІана гьесул гІакъиллъиялъ ва жавабазул камиллъиялъ. 48Гьев вихьидал, гІажаиблъун хутІана Юсупги Марямги. Эбелалъ гьесда абуна:
– Я, дир лъимер, дуца нижее гьабураб щиб? Гьав дур эменги дунги чІезе къадар тІагІун рукІана мун валагьулел.
49Гьес гьазда абуна:
– Дун валагьиго щай нужее букІараб? Нужеда лъачІебищ дун дирго Инсул рокъов вукІине кколевлъи?
50Амма гьазда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна. 51Вахъун гьазда цадахъ Назареталде вилълъана гьев ва гьазие мутІигІлъун чІана. Амма гьесул эбелалъ рекІелъ цІунун рукІана гьел рагІаби. 52Сонал анагІан, ГІисал черх цІубалеб букІана, гІакълу камиллъулеб букІана, Аллагьасулги гІадамазулги рокьи цІикІкІунеб букІана гьесдехун.

 

3 бетІер

 

ЯхІя авараг халкъалда цеве вахъуна

 

1Тиберий къайсарлъун ккун анцІила щуабилеб сон букІана; Ягьудиялдасардарлъун вукІана Понтий Пилат; Галилеялда ханлъун вукІана Гьерод; гьесул вац Филипп вукІана Итуреялда ва Трахонит вилаяталда ханлъун, Лисаний вукІана Абиленаялда ханлъун; 2бищунго кІудиял кашишзабилъун рукІана Гьанна ва Кайафа. Гьеб заманаялда Закариял вас ЯхІяе гІицІаб авлахъалда Аллагьасул илгьам лъугьана. 3Иордан гІоралда сверухъ ругел бакІазде щун, нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес. 4Гьелдалъун ритІухълъана Ишая аварагасул ТІехьалда ругел гьадинал рагІаби:
«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб:
– БетІергьанасе нух къачІай,
битІизабе гьесда цебе шагьра!
5Щибаб кІкІал-хъитІ бацизабе,
щибаб гохІ-щоб тІуцлъизабе,
свераби лъугІизаре,
эхедераялги лабаллъабиги гьечІеб, цІвакараб нух букІа абе,
6щибаб рижиялда бихьа абе Аллагьасдасан хвасарлъи!»
7Гьале лъадалъ ччун рахъизе рачІунел рукІана халкъалъул руккелал. Гьезда ЯхІяца абулаан:
– ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб? 8Нужерго мунагьаздаса руссун, кантІиялъул гъотІода пихъ барщизабе, ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругиланги гаргадуге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда. 9ГъутІбузда гъоркь гІащтІи лъун тун бугеблъи лъай нужеда. ЛъикІаб пихъ тІад бижичІеб гъветІ къотІун цІадаб лъезе бугебха!
10– Нижеца щибха гьанже гьабизе кколеб? – ан гьикъулаан гьесда гІадамаз.
11Гьес жаваб кьолаан:
– КІиго гурде бугес цояб гьечІесе кье, квен бугесги гьединго гьабе.
12Лъадалъ ччун рахъизе рачІарал магъало бакІарулел чагІазги гьикъана гьесда:
– Я, МугІалим, нижеца щибха гьабизе кколеб?
13Гьезие жаваб кьуна ЯхІяца:
– Нужеда бихьизабуралдаса цІикІкІун бахъуге лъихъаниги магъало.
14Гьединго рачІун рагъухъабаз гьикъана:
– Нижеца щибха гьабизе кколеб?
Гьезда абуна:
– ХІал-зулмуялдалъун ва гьечІеб гІайиб гІунтІизабун лъихъаго гІарац бахъуге, нужеего щолеб харжалда разилъун чІа.
15МасихІ вачІиналъухъ урхъун балагьун чІун букІараб халкъалда ракІалде кколеб букІана ЯхІяцин гуродай гьевилан. 16ЯхІяца киназдаго абуна:
– Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго дица нуж, амма вачІунев вуго дидасаги гІемерго къудрат цІикІкІарав. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун ва цІаялдалъун. 17Гьес бугьун хъатикь ккун буго, жиндирго гьоцІиб ролъ бацІцІад гьабун, гьеб цагърахъе буссинабизе, накку гьес ссвинго гьечІеб цІадабе бан бухІила.
18ГІадамазе Рохалил хабар бицун, гьединал ва цогидалги рагІабаздалъун гІемерал насихІатал гьарулел рукІана ЯхІяца.
19-20Гьерод ханас жиндирго вацасул чІужу ячинги ва гьеб гурелги гьесул квешлъаби ЯхІяца какулел рукІиндал, цогидал жиндирго цересезде тІаде жубана гьев ханас ЯхІя гвандинив тІамиялъул квешлъиги.

 

ГІиса Аллагьасул вас вукІин загьирлъула

 

21Гьале ЯхІяца киналго лъадалъ ччун рахъулел рукІараб заманаялда гьениве вачІарав ГІисаги лъадалъе лъугьун дугІа гьабулев вукІана. Гьебмехалъ зобалги кІирикьизарун, 22миккидул сураталда Илагьияб РухІ рещтІана гьесухъе ва зобалаздасан гьаракьги рагІана:
– Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун!

 

ГІиса МасихІил цІаразул рахас

 

23Аллагьасе хъулухъ гьабизе байбихьулеб мехалъ, ГІисал букІана лъебергогІанасеб сон, ва гьесул умумузул силсила гьадинаб бугилан рикІкІунаан: гьесул эмен Юсуп, гьесулги эмен ГІели, цинги 24Маттат, Леви, Малки, Яннай, Юсуп, 25Маттитья, ГІамос, НахІум, Гьесли, Наггай, 26МахІат, Маттитья, ШимгІи, Йосех, Йода, 27ЙохІанан, Реса, Зеруббабел, Шеалтиэл, Нер, 28Малки, Адди, Къасам, Элмадам, ГІер, 29ЙешуагІ, ЭлигІезер, Йорим, Маттат, Леви, 30ШимгІон, Ягьуда, Юсуп, Йонан, Элякъим, 31Мелеа, Менна, Маттата, Натан, Давуд, 32Йишай, Йобед, БогІаз, ШелахІ, НахІшон, 33ГІаминадаб, Админ, Арам, ХІецрон, Перец, Ягьуда, 34Якъуб, ИсхІакъ, Ибрагьим, ТерахІ, НахІор, 35Серуг, РегІу, Пелег, Эбер, ШелахІ, 36Къейнан, Арпакшад, Шем, НухІ, Ламек, 37МетушелахІ, ХІенок, Йаред, Магьалалеэл, Къейнан, 38Энос, Шит, Адам, Аллагь.

 

4 бетІер

 

Илбисалъ хІалбихьула ГІиса къосинавизе

 

1Илагьияб РухІалъ цІурав ГІиса Иорданалдаса тІадвуссана ва гьеб РухІалъ гьев гІицІаб авлахъалде вачана. 2Гьениб кІикъого къо бана ГІисаца. Илбисалъги хІалбихьана гьев къосинавизе. Гьебщинаб заманаялъ богІоллъи кІалдибе босичІо. КІикъого къо индал, ракъул хІал бергьана гьесие. 3Илбисалъ гьесда абуна:
– Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаб ганчІие амру гьабе чедлъун лъугьайилан.
4ГІисаца гьелъие жаваб кьуна:
– ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб».
5Цинги борхалъуде вачун, гьенисан цохІо лахІзаталда жаниб дуниялалъул киналго пачалихъал рихьизаруна гьесда. 6Гьелъ абуна:
– Гьал киналго пачалихъазул парччахІлъиги къудратги кьела дица дуе, гьеб киналъулго ихтияр дихъе щун бугелъул. Диего бокьарасе кьела дица гьеб. 7Дуца дие сужда гьабуни, гьеб кинабго дур букІине буго!
8ГІисаца жаваб кьуна:
– ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе – дурго БетІергьанасе гурони сужда гьабуге. ЦохІо гьесие гьабе гІибадат!»
9Илбисалъ ГІиса Иерусалималде вачун, Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъуна ва гьесда абуна:
– Мун Аллагьасул Вас ватани, гьаниса гъоркье кІанцІе! 10ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе амру гьабун буго мун цІунейилан» 11ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине».
12Гьелъие жавабалъе ГІисаца абуна:
– «Дурго БетІергьан Аллагьасул хІалбихьуге», – янги абун буго ТІехьалда.
13ГІисал хІалбихьун лъугІарабго, санагІатаб заман тІаде щвезегІан, гьесда аскІоса нахъе ана илбис.

 

Галилеялда ГІисал вагІза-насихІат

 

14Жиндилъ Илагьияб РухІ цІубарав ГІиса цинги Галилеялде тІадвуссана. ТІолабго сверухълъиялдаго гьасул хІакъалъулъ хабар тІибитІун батана. 15Гьезул синагогабазде ун, гьас вагІза гьабуна, халкъалда гьоркьоб гьасул цІар машгьурлъана. 16Жиндиего тарбия-лъай щвараб Назарет шагьаралде вачІана ва гьенивги, кидаго гІадин, шамат къоялъ синагогаялъуве ун, минбаралде вахана гІадамазе Илагьияб ТІехь цІализе. 17Ишая аварагасул ТІехь кьуна гьесухъе. Гьадинаб калима бугеб бакІги батун, цІалана гьес:
18«Дилъ БетІергьанасул РухІ буго,
гьес дие ихтияр кьуна
мискиназда Рохалил хабар бицине.
Гьес дун витІана асирлъуда ругезда нуж тархъанлъанилан лъазабизе,
нужеда канлъи бихьанилан бецаздаги лъазабизе,
зулмуялда гъоркь ругелалги хвасар гьаризе,
19Аллагьасул рахІмат рещтІунеб мех
тІаде щолеб бугиланги лъазабизе».
20Цинги Илагьияб ТІехь гьес, дандеги чІван, динияб хъулухъалъул чиясухъе кьуна, ва насихІат гьабизе гІодов чІана. Синагогаялъур данделъарал киназулго берал гьесдехун руссун рукІана. 21Гьебмехалъ ГІисаца байбихьана:
– Жакъа гьеб калимаялъухъ гІенеккун нуж рукІаго, ритІухълъана гьелда рехсараб амру.
22ГІадамазе гьеб рекІее гІуна ва гьел гІажаиблъизаруна ГІисал кІалдисан рачІарал баркат бугел рагІабаз. Амма гьез абуна:
Юсупил вас вуго гурищ гьав?
23ГІисаца гьезда абуна:
– Гьайгьай, «тохтирас цин живго сахлъизавизе ккола», – ян кици тІамила нужеца дие. «Капернаумалда дуца гьабунилан нижеда рагІарабщинаб иш гьаниб инсул ракьалдаги гьабе», – янги абила нужеца дида.
24Хадуб гьес абуна:
– ХІакъаб рагІи буго нужее: цониги авараг рикІкІунаро жиндирго инсул ракьалда. 25-26ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Иляс аварагасул заманаялда, лъабго соналъги анлъго моцІалъги зодисан цІадал къатІра тІинкІичІого тІолабго ракьалде гІасияб ракъи рещтІараб мехалъ, Исраилил халкъалда гьоркьор гІемерал къоролзаби рукІаниги, Сидон улкаялъул Царепат шагьаралдаса цо къоролалъе гІоло гурони витІун вукІинчІо Аллагьас Иляс. 27Элиша аварагасул заманаялда, барасалъ унтарал гІадамал Исраилил халкъалда гьоркьор гІемер рукІаниги, Сириялдаса цо Наъман абулев чи гурони, вацІцІалъизавичІо гьес.
28Гьеб рагІарабго синагогаялъур рукІарал гІадамал ццидаца гьалаглъизаруна. 29ТІаде рахъун гьез ГІиса шагьаралдаса къватІиве вачана жидерго шагьар тІад бараб магІарда бугеб кьурулъа гъоркье рехизейилан. 30Амма, гІадамазул руккалилъа ворчІун, нахъе ана ГІиса.

 

ГІисаца Капернаумалда сахлъизавула женалъ ккурав цо чи

 

31Цинги Галилеялъул шагьар Капернаумалде ана ва шамат къояз гьезие вагІза гьабизе лъугьана. 32ГІисал вагІзабаз хІикмалъизарун рукІана гьел. Цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.
33Синагогаялъув вукІун вуго хъубаб ва квешаб женалъ ккурав цо чи.
34– ВахІ! Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! – ян ахІдезе лъугьана гьев. – Ниж гъуризе вачІун вуго мун! Дида лъала мун щивали, мун вуго Аллагьасул мукъадасав илчи!
35Амма ГІисаца жен чІезабуна:
– КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа! – янги абун.
Синагогаялъул бакьулъ гьев чиги гІодов ккезавун, гьесие щибго заралги гьабичІого, гьесул чорхолъа къватІибе ана жен. 36Киналго гІажаиблъун хутІана. Цоцада гаргадулел рукІана гьел:
– Гьесул рагІабазул магІна щиб? Гьесулъ буго жундузе амру гьабизе кІолеб хІалкІолъиги къудратги, гьелги инсанасул чорхолъа къватІире лъугьунел руго.
37Сверухълъиялда киса-кибего тІибитІана ГІисал хІакъалъулъ хабар.

 

ГІемерал унтарал гІадамал сахлъизарула ГІисаца

 

38Цинги, синагогаялъуса къватІиве лъугьун, Симонил бакІалде ана ГІиса. Кутакаб цІа-каналъул унтуца бусаде ккун ятана Симонил якьад. Гьей сахлъизаеян гьарана ГІисада. 39ТІаде къулун гьес гьелъул цІа-кан инабуна. ГьебсагІат тІаде яхъун якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьана.
40Бакъ тІерхьунеб гІужалъ гІадамаз гьесухъе рачун рачІана батІи-батІиял гІузрабаз унтарал чагІи. ТІад квер лъун, гьел киналго сахлъизаруна гьес. 41Гьебмехалъ гІемерисезул чорхолъа жундул нахъе унел рукІана: «Мун Аллагьасул вас вуго!» – янги ахІулаго. Гьезда лъалеб букІиндал ГІиса МасихІ вугевлъи, гьез гьеб бицунгутІизейин ГІисаца гьел руцІцІун чІезарулел рукІарал.
42Сордо рогьарабго шагьаралдаса къватІиве вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде. Халкъалъул руккелал гьев валагьизе рахъана. Гьесда хадур гъедал, гьел гьардана гьениса нахъе унгейилан. 43Амма ГІисаца гьезда абуна:
– Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицине цогидал шагьараздеги ине ккола дун, гьелъие гІололъидалха дун витІун вугев.
44Гьедин, Ягьудиялъул синагогабазде ун, вагІза-насихІатал гьаруна гьес.

 

5 бетІер

 

ГІисал тІоцересел муридал

 

1Аллагьасул калам рагІизе гІащикъал гІадамазул кІудияб руккел букІана цо нухалъ гъункун гьесда сверухъе бакІарун. ГІиса гьебмехалъ Геннесарет абулеб хІорил рагІалда вахъун чІун вукІана. 2ХІорил рагІалда кІиго раса бихьана ГІисада. Русбуздаса къватІире рахъун ччугІихъабаз жидерго гьин чурулеб букІана. 3Симонил расаялъуве лъугьун ГІисаца гьесда гьарана раса дагьаб жанибегІан бачейилан. Росонив гІодов чІун гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана гьев. 4ВагІза-хабар лъугІидал, Симонида абуна:
– Добе хІорил гъварилъудегІан расаги бачун, рехе дурго гьин.
5Симоница гьесие жаваб гьабуна:
– Я, НасихІатчи! Нолъ сордо рогьинегІан хІалтІаниги, цохІониги ччугІа кквечІо нижеца. Амма дур рагІи гІадахъ босун дица гьин рехила.
6Гьес малъухъе гьабидал, гьезие хІаталдаса ун гІемераб ччугІа щвана. Гьин тІутІун унеб букІана ччугІил бакІлъиялъ. 7Доб цояб росонир рукІарал гьалмагъзабаздеги ишан гьабуна гьез кумекалъе рачІайилан. РачІун дозги кумек гьабун, кІиябго раса ччугІил цІезабуна. Давлаялъул гІемерлъиялъ лъадалъе тІерхьун ине дагьалъ хутІана гьел русби. 8Гьебмехалъ Симон-Пётрица, ГІисал накабазда цеве чІун, суждаги гьабун, абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Дида аскІоса нахъе а мун! Дун вуго мунагьазул цІурав чи!
9Абиларищ, гьевги гьесда цадахъ гьин рехаралги кутакалда хІинкъун рукІиндал, ккураб ччугІил гІемерлъи бихьун. 10Гьеб ишалъ гьединго кутакалда хІинкъизаруна Симонил гьалмагъзабилъун рукІарал Зебедайил васал Якъубги Иоаннги. Цинги ГІисаца Симонида абуна:
– ХІинкъуге! Гьанжеялдаса нахъе дуца, ччугІа гуреб, гІадамалин кквезе ругел[4].
11КІиябго раса хІорил рагІалде цІараб мехалъ, кинабго жоги гьениб тун, гьел ГІисада цадахъ уна.

 

ГІисаца вацІцІалъизавула барасалъ унтарав цо чи

 

12Гьале ГІиса цо шагьаралда вугеб мехалъ, гьев вихьаравго, кІалагъоркье ккана ва гьардезе лъугьана тІолабго черх барасалъ бацарав цо чи:
– Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе!
13ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна:
– Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун!
ГьебсагІат барасалдаса сахлъана гьев чи. 14Живго сахлъизавиялъул хабар лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьесда:
Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъиялъухъ къурбанги хъвезабе.
15Бугониги, ГІисал хІакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб дагьабги цІикІкІун тІибитІана. Гьесухъ гІенеккизеги ва жалго сахлъизаризеги рачІунаан халкъалъул руккалаби. 16Гьевин абуни, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ун, Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІунаан.

 

ГІисаца сахлъизавула палижалъ ккурав чи

 

17Цо къоялъ ГІисаца вагІза-насихІат гьабулеб мехалъ, гьесухъ гІинтІамун чІаразда гьоркьор рукІана Галилеялъул щибаб росулъа, Ягьудиялдаса, гьединго Иерусалималдаса рачІарал фарисеял ва диниял гІалимзаби. Унтарал сахлъизаризе кІолеб БетІергьанасул къудраталъ къвал бан вукІана гьев. 18Гьале цо чагІаз туртида лъун восун вачІана палижалъ ккурав чи. ГІисада цеве лъезе гьев чи рокъове жаниве восизе хІаракат бахъулеб букІана гьез. 19Амма гІадамазул гІемерлъиялъ нуцІихъан восун бажаричІого, тІохги бичун, гьенисан туртида лъовухъего рукъ бакьулъе ГІисада цеве тІаса гъоркье виччана гьез гьев. 20Гьев восун рачІарал гІадамазул божи бихьун, ГІисаца абуна:
– Мунагьаздаса вацІцІалъана, гьудулав чи, мун.
21Дол диниял гІалимзабиги фарисеялги жалго жиделъго гаргадизе лъугьана:
– Гьединал гІасиял-пасикъал рагІаби абизе ккани, гьавго щив чи! ГІицІго Аллагьасда гурони, лъида кІолеб инсанасул мунагь чуризе?
22ГІисал хІалада лъана гьезул пикраби. Гьес гьикъана:
– Щай нужеца нужерго рекІелъе гьединал пикраби риччалел? 23Кинаб бигьаяб: «Мун мунагьаздаса вацІцІалъана», – ян абизейищ, яги: «ТІаде вахъун, вилълъанхъе», – ян абизейищ? 24Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе.
Цинги ГІисаца унтарасда абуна:
– Дица дуда абулеб буго: тІаде вахъа, дурго малиги босун, рокъове а.
25Ралагьун гІадамалгун, гьебсагІат тІаде вахъана гьев, живго тІад лъун вукІараб турутги босун, рокъове ана, Аллагьасе реццги гьабулаго. 26ГІажаиблъун-хІикмалъун лъугьун, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. ХІинкъиялъ къвал бан ругел гьез абулеб букІана:
– Тамашаяб иш бихьана жакъа нилъеда! – ян.

 

ГІисаца Левий муридлъун восула

 

27Гьениса къватІиве вахъун унаго, нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьана ГІисада Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чи.
– Дида цадахъ вилълъа, – ян абуна гьесда ГІисаца.
28БукІаралъуб букІарабги тун тІаде вахъун, гьесда цадахъ ана Левий.
29Жиндирго бакІалда Левийица кІудияб гьоболлъи гьабуна ГІисае. Гьенир рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІиги ва гьебго тайпаялъул цогидал гІадамалги. 30Фарисеялги гьезул мазгьабалъул диниял гІалимзабиги ГІисал муридаздехун гъулгъудизе лъугьана:
– Щай нуж гьал магъало бакІарулел чагІаздаги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодор чІун квана-гьекъолел?
31Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна:
– Сахазе гурев тохтир хІажалъулев, унтаразейин. 32Муъминзаби ахІизе гуро дунги вачІун вугев, мунапикъзаби тавбуялде ахІизейин.

 

КІал кквеялъул хІакъалъулъ

 

33Гьез ГІисада абуна:
– ЯхІял муридал гІемерисеб мехалъ кІал ккун рукІуна, какал ралел рукІуна, фарисеязулазги гьабула гьединго. Гьал дуралин абуни квана-гьекъолел руго.
34ГІисаца гьезда абуна:
– БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзабазда квана-гьекъечІого кІал ккун рукІайилан абизе бегьилищ нужеца? 35РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги.
36Цинги гьес гьезие гьадинаб мисал бачана:
– ЦІияб ратІлидасаги бахъун басрияб ратІлида рукъи баларо лъицаниги. ЦІияб ретІелги хвела, басриялдаги цІияб рукъи рекъеларо. 37Лъицаниги тІоларо басрияб рахълъеналъубе цІияб чагъирги. ЦІияб чагъиралъ гьеб багьизабила. Гьебмехалъ чагъирги гІодобе чвахун ина, рахълъенги хвела. 38ЦІияб чагъир тІезе ккола цІияб рахълъеналъубе. 39Басрияб чагъиралда тІаде гьебсагІатго цІияб чагъир гьекъезе лъиениги бокьуларо. Басриябго лъикІаб бугилан абула гьес.

 

6 бетІер

 

Шамат къоялъул хІакъалъулъ

 

1Пуланаб шамат къоялъ ГІиса унев вукІана цо хурзабахъан. Хуриса ретІун тІоралги хъатинир кІвекІун, хІалухъадул мугьал кунел рукІана гьесул муридаз.
2Гьенир рукІарал фарисеяз гьезда абуна:
– Шамат къоялъ гьабизе гьукъараб иш щай нужеца гьабулеб? – ан.
3ГІисаца гьезие жавабалъе абуна:
– Унго, цІаличІебищ нужеца, живгоги цадахъ рукІаралги ракъун хутІидал, Давудица щиб гьабурабали? 4Аллагьасул рокъове жанивеги лъугьун, гьениса босун Давудица жинцагоги кванан буго, цадахъ рукІаразеги кьун буго гІицІго кашишзабаз гурони кваназе гьукъараб чед.
5ГІисаца гьезда абуна:
– Шамат къоялъул ихтияр ГІадамил Лъимадухъ буго!

 

ГІисаца сахлъизавула цо квер бакъварав чи

 

6Цоги шамат къоялъ ГІиса халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе синагогаялъуве ун вукІана. Гьенив вукІана кваранаб квер бакъварав цо чи. 7ГІисада хадуб мухІканго хал ккун чІун рукІана диниял гІалимзабигифарисеялги, гьес гьев чи сахлъизавилародайилан. Шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун букІана гьазие. 8Гьазул пикруги бичІчІун, ГІисаца дов квер бакъварав чиясда абуна:
– ТІаде вахъун рукъ бакьулъе вачІа, – ян.
ТІаде вахъун, рукъ бакьулъе вачІана дов чи. 9ГІисаца гьезда абуна:
– Дица нужеда цо жо гьикъила: шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев?
10Гьезда берги речІчІизабун, ГІисаца дов чиясда абуна:
– Квер гІебеде битІе, – ян.
Гьес абухъе гьабуна дов чияс ва кверги сахлъана. 11Ццидаца гьалаглъарал гьез цоцазда дандбалеб букІана ГІисае щибдай гьабун лъикІилан.

 

ГІисаца анцІила кІиго чапар тІаса вищула

 

12Гьел къоязда ГІиса Аллагьасе тІагІаталъе цо магІарде вахана ва тІубараб сордоялъго гьари-дугІаялда вукІана. 13Нахъисеб къоялъ радал ГІисаца жиндирго муридал аскІоре ахІана ва, тІаса вищун, анцІила кІигоясда чапарзабийилан цІар лъуна. Гьел рукІана: 14Пётрилан гьес тІокІцІар кьурав Симон, гьесул вац Андрей, Якъуб, Иоанн, Филипп, Бартоломей, 15Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Зелотилан[5] тІокІцІар бугев Симон, 16Якъубил вас Ягьуда ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот.

 

ГІисаца унтарал сахлъизарула

 

17Жиндирго муридазда цадахъ магІардаса гъоркье рещтІун, авлахъалде щвана ГІиса. Гьев сверун ккуна муридазул руккелалъ ва тІолабго Ягьудиялдаса, Иерусалималдаса, хІорил рагІалда ругел Тиралъул ва Сидоналъул улкабаздаса рачІарал таманал гІадамазги. 18Гьел рачІун рукІана ГІисал вагІза-насихІаталъухъ гІенеккизеги, унта-щокълъиялдаса гьес рорчІизаризеги. Хъубал жундузул гІазабалъулъ рукІарал гІадамалги сахлъизаруна ГІисаца гьенир. 19ГІисада квер хъвазегІаги щвелародайилан тІаде гьунун бачІунеб букІана халкъалъул руккел, – гьесдасан бачІунеб букІиндалха киналго унтарал сахлъизарулеб цо къуват-рухІ.

 

ГІисал кІудияб вагІза

 

20ТІаса бер босичІого муридазухъги валагьун, ГІисаца байбихьана:
– Гьардарал гурищ нуж, мискинал-пакъирал,
нужее бугелъул Аллагьасул ПарччахІлъи.
21Гьардарал гурищ нуж, гьанже ракъун ругелал,
Аллагьас нуж гІорцІизаризе ругелъул.
Гьардарал гурищ нуж, гьанже гІодилел ругелал,
нуж релъанхъизе ругелъул.
22ГІадамил Лъимер сабаблъун
нуж халкъалда рихиндал,
нуж нахъе рачахъидал,
инжит-хІакъир гьаридал,
нужеда квешаб цІар чІвайдал, –
гьебмехалъги гьардарал гурищ нуж.
23Гьеб къоялъ роха нуж,
рохун кІанцІезе лъугьа нуж,
зобалазда кІудияб шапакъат щвезе бугелъул нужее.
Цересел аварагзабаз
гьазул умумуздасанги хІехьарабин гьеб кинабго.
24Балагьги гІазабги гурищ нужее, бечедал,
гьанибго лъикІаб гІумру бугелъул нужер.
25Балагьги гІазабги гурищ нужее, гьанже гІорцІун ругелал,
нуж ракъизе ругелъул.
Балагьги гІазабги гурищ нужее, гьанже релъанхъилел ругелал,
магІу тІун гІодизе ругелъул нуж.
26Балагьги гІазабги гурищ нужее,
киназго нужее рецц-бакъ гьабулеб бугеб мехалъ!
Цересел гьересиаварагзабазе
гьазул умумузги гьабурабин гьедин рецц-бакъ.
27Дихъ гІенеккун ругел нужеда абулеб буго дица: нужерго тушбаби рокьа, нуж рокьуларезе лъикІлъи гьабе. 28Нужее нагІана кьолездаги баркат лъегиян абе, нуж къабихІ гьаруралги дугІадулъ рехсе, 29Дур кІаркьен чІварасда цебе цояб кІаркьенги ккве, дудаса чухъа-гужгат бахъарасе гурде бахъизеги квалквал гьабуге. 30Гьараравщинасе гьарарабги кье, кьурабги нахъе тІалаб гьабуге. 31Цогидаз дуего гьабизе бокьулеб жо дуца гьезиеги гьабе. 32Нужго рокьулелал нужее рокьиялъул кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъеги рокьулелъул жалго рокьулелал. 33Нужее лъикІлъи гьабулесе бецІун гьабулеб лъикІлъиялъулги кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъгицин гьабулелъул гьебго жо. 34Нахъе кьеялде хьул лъун чияхъе къарзалъе кьураб боцІул кири кинаб букІинеб? Мунагь-хІакъалъул агьлуялъги кьолелъул цоцахъе къарзалъе боцІи, тІаса бекичІого, камичІого тІадбуссине букІиналда ракІги чІун. 35Нужеейин абуни нужерго тушбаби рокьа, садакъаби гьаре, нахъе щвеялъул пикру гьабичІого къарзалъе боцІиги кье. Гьебмехалъ кири гІемерлъила нужее, ва ТІадегІанав Аллагьасул васаллъун лъугьина нуж. Жидее гьабураб лъикІлъи лъаларезеги квешазеги лъикІлъи гьабулевлъун вугелъул гьев.
36Нужер Эменго гІадин гурхІел-рахІму бугеллъун рукІа нужги. 37Нужеца чияда гІайиб чІваге, – Аллагьас нужедаги гІайиб чІваларо; нужеца тамихІалде цІаге, – нужги тамихІалде цІаларо. Нуж тІасалъугьа, – нужедаги тІасалъугьина. 38Нужеца кье, – нужееги кьела. Дагьабги цІикІкІун жанибе инелъун хьвагІезабун, цинги бугІун ва бетІер гьабун цІезабураб хІалалаб сахІалъ борцун бала нужер квенчІелтІе. Кинаб сахІалъ нужеца борцаниги, гьединабго сахІалъ борцине буго нужееги.

 

ГІисаца, мисалал рачун, бицуна

 

39Гьадинаб мисалги бачана ГІисаца гьезие:
– Цо бецав чиясухъа бажариладай цоги бецав чи квер ккун вачине? КІиялго цадахъ гвандинире рортилародай гьел?
40Жиндирго мугІалимасдаса тІадегІанав вукІунаро мутагІил. Амма, цІалун вахъараб мехалъ, бокьарав чи ващалъула мугІалимасда.
41Дурго бадиб бугеб чІалу бихьичІого, дур вацасул[6] бадиб бугеб сум щай дуда бихьулеб? 42Яги дуда кин кІолеб: «Ворея, вац, дур бадиса сум бахъизе биччай!» – ян гьесда абизе, дурго бадиб бугеб чІалуги бихьичІого? Ле, ххвелал гьарун ругьунав чи, цин дуца дурго бадиса чІалу бахъе, цинги бичІчІила дуда вацасул бадиса сум кин бахъилебали.
43ЛъикІаб гъотІода тІад турараб пихъ букІунаро, турараб гъотІода тІад лъикІаб пихъги букІунаро. 44Пихъихъ балагьун лъала гъветІ батІа гьабизе. Зазида тІад инжир барщуларо, гІинтІидул хъархъидаса цІибил бетІуларо. 45ЛъикІав чияс жиндирго рекІелъ бугеб лъикІаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе лъикІлъи босула, квешав чиясин абуни квешаб хазинаялъул гъансиниса къватІибе квешлъи босула. РакІ цІун тІасан араб гурони гьесул кІалалъ бицунарелъул.
46«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» абун щай нужеца диде ахІулеб, дица абураб жо нужеца гьабулеб гьечІеб мехалъ? 47Дида аскІове вачІун, дир рагІабазухъ гІенеккарав ва гьел тІуразарурав чи лъида релълъуневали мисал бачина дица нужее: 48гьев релълъуна тІалде щвезегІан гъваридго кьучІги бухъун, мина барав чиясда. Щун бачІараб гІурул лъим речІчІаниги, щущан инчІо гьеб, щулаго бан букІиндал. 49Амма дихъ гІенекканиги, дица абухъе гьабуларев чи релълъуна, кьучІго бухъичІого, ракьалда тІад мина барав чиясда. Щун бачІараб гІурул лъим речІчІарабго, доб мина биххана, щущан ун, чІудби хутІана.

 

7 бетІер

 

ГІисаца сахлъизавула нусилбетІерасул рагьтІател

 

1ГІенеккун букІараб халкъалъе гьабулеб вагІзаги лъугІизабун, гьениса вахъун ГІиса Капернаумалде вачІана. 2Гьенив Рималъул рагъухъабазул цо нусилбетІерасул гьесие цІакъ хирияв рагьтІател вукІана кутакаб унтиялъ хвалил боснов лъун. 3ГІиса вуссун вугин рагІидал, гьес жугьутІазул чІахІиял чагІи ритІана жиндир рагьтІател сахлъизавизе вачІаян гьесда гьаризе. 4ГІисахъе рачІун кутакалда гьардезе лъугьана гьел, дуца кумек гьабизе мустахІикъав чи вугин гьевиланги абуна. 5Гьесие нилъер халкъ цІакъ бокьулила, нижер гьаниб синагогагицин гьес бараб бугила. 6ГІиса гьезда цадахъ ана. Досул бакІалде щолел рукІаго, нусилбетІерас данде жиндирго гьудулзаби ритІун рачІана вачІинчІониги кІваричІилан ГІисада лъазабизе, ТІадегІанав ГІиса къавулъе лъугьинегІанасеб къадруялъул чи гурин живилан абизе. 7Духъе вачІине мустахІикъав чиги гурин жив, жиндир рагьтІател сахлъизе кІолеб къуваталъул цо рагІи абеян гьаризе ритІун ругоан гьес гьел. 8Живги вугила тІадехун ругезул амру тІубазабулев, жиндир ихтияралда ругел рагъухъабазе рагІудалъун амру-буюрухъ гьабулев чи. Айилан цоясда абуни, гьев унила. ВачІайилан цогидасда абуни, гьев вачІунила. Пуланаб иш тІубазабейилан рагьтІателасда абуни, гьес тІубазабулила.
9Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадуб бачІунеб букІараб халкъалдехун вуссун, гьес абуна:
– Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман.
10НусилбетІерас ГІисахъе ритІарал гІадамал тІадруссун рачІиналде, рагьтІател сахлъун ватана.

 

Наин шагьаралдаса цо къоролалъул вас чІаголъизавула ГІисаца

 

11КватІичІого ГІиса ана Наин абулеб шагьаралде. Муридалги рукІана цадахъ. Халкъалъул руккалабиги рачІана гьесда хадур. 12Шагьаралъул кавудахъе щолеб мехалъ, гьале къватІибе босун бачІунеб батана цо хварав чиясул мали. Гьев вукІана эбелалъул цохІо вугев вас, гьей эбелги къоролай йикІана. ГІезегІанго халкъ букІана хвел букъизе унеб. 13Гьей эбел йихьидал, ракІ гурхІун, ТІадегІанав ГІисаца:
– ГІодуге! – ян абуна гьелда.
14Цинги аскІове ун, хварасул молода квер хъвана. Мали босун унел рукІарал гІадамал лъалхъана. ГІисаца гьебмехалъ абуна:
– Ле, гІолохъанчи! Дица дуда тІаде вахъаян абулеб буго.
15Хварав чи тІаде ворхана ва кІалъазе лъугьана. Гьедин чІаголъизавун, ГІисаца гьев гІолохъанчи гьесул эбелалъухъе кьуна. 16Кутакаб хІинкъиялъ къвал бан рукІана гьел киналго, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьез абулеб букІана:
– КІудияв авараг рещтІун вуго нилъехъе, жиндирго халкъалъе кумекалъе лъугьун вуго Аллагь.
17ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІана тІолабго Ягьудиялдаги сверухъ ругел бакІаздаги.

 

ЯхІя аварагас ГІисахъе муридзаби ритІун рачІуна

 

18ЯхІяда жиндирго муридаз бицана гьеб киналъулго хІакъалъулъ. 19КІиго муридги тІаде ахІун, ЯхІяца гьел ТІадегІанав ГІисахъе ритІана: «Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел?» – абун гьикъизе. 20ГІисахъе рачІун, гьез абуна:
– ЯхІя аварагас ниж ритІана: «Мунищ дов нижехъе вачІине кколев чи, яги цогидав вачІинегІанищ ниж ралагьун чІезе кколел?» – абун гьикъизе.
21(Гьеб заманаялде щвезегІан ГІисаца гІемерал гІадамал сахлъизарун рукІана унта-щокълъиялдаса, хъубал жундуздаса ва гІемерал бецал чагІазда канлъиги бихьизабун букІана.)
22ГІисаца гьезие жавабалъе абуна:
– Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІарабги бихьарабги: бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин. 23Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе.

 

ГІисаца ЯхІя аварагасул хІакъалъулъ бицуна

 

24Гьел ЯхІял чапарзаби нахъе араб мехалъ, ГІисаца гІадамазда бицана ЯхІял хІакъалъулъ:
– Щиб бихьизе нуж добмехалъ гІицІаб авлахъалде ун рукІарал? Гьороца хьвагІезабулеб муцІи бихьизейищ? 25Щив вихьизе ун рукІарал? Беричаб ратІлилъ вугев чи вихьизейищ? ЧІухІараб ретІел ретІарал ва бечедаб яшавалда ругел гІадамал парччахІзабазул кІалгІабазухъ руго.
26Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда! 27Гьесул хІакъалъулъин ТІухьдузда хъван бугеб: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев».
28Дица нужеда абулеб буго: эбелалъ чехь къинлъун гьаруразда гьоркьов ЯхІя аварагасдаса кІудияв чи гьечІо. Амма Аллагьасул ПарччахІлъиялда ругезул бищун гьитІинавгицин гьесдаса кІудияв вуго. ( 29ЯхІял вагІза рагІарал киналго гІадамаз, хІатта магъало бакІарулел чагІазги, лъадалъ ччун рахъизарун, Аллагьасул Нух ритІухъ гьабуна. 30Амма фарисеязги диниял гІалимзабазги лъадалъ ччун рахъизе инкар ккуна ва жидее бугеб Аллагьасул амру къабул гьабичІо.)
31Сунда данде кквелел дица гьаб заманаялъул гІадамал, лъида релълъун гьел ругел?
32«Нижеца зурма пуна –
Нуж кьурдизе рахъинчІо!
МагІил бакънал рачана –
Нуж гІодизе лъугьинчІо!»
– ян къотІноре рахъун цоцазде ахІдолел лъималазда релълъуна гьел. 33ВитІун вачІана я чед кунарев, я чагъир гьекъоларев ЯхІя авараг. Нужеца абуна гьев шайтІабаз ккурав чи вугилан. 34ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Нужеца абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», – абун. 35Амма Аллагьасул ГІакъиллъиялда рекъон хьвадулел гІадамаз бихьизабула Аллагьасул ГІакъиллъиялъул ритІухълъи.

 

Симон абулев фарисеясул бакІалде уна ГІиса

 

36Цо фарисеяс гьоболлъухъ ахІун, гьенив кваналев вукІана ГІиса. 37Гьале гьеб шагьаралдаса цо мунагьал гІемерай гІадан, ГІиса гьев фарисеясул бакІалда вукІинги лъан, махІгьуинаб нахул цІун щагІил сурахІигун, ячІана. 38Гьесда нахъехунги чІун, гІодулаго магІица гьесул хІатІал риччизаруна гьелъ, жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел, убачал гьарулаго доб махІгьуинаб нахги бахана гьесул хІатІазда. 39Гьеб бихьидал, ГІиса кванде ахІарав фарисеясда ракІалде ккана, гьав чи авараг вукІаравани, гьасда лъалаанин кинай гІаданалъ жинда квер хъвалеб бугебали. Мунагьазул цІурай гІаданлъидалха гьей йигей. 40Гьебмехалъ ГІисаца гьесда абуна:
– Симон! Цо дуда бицине жо буго дир.
– Бице, дир МугІалим, – ан абуна Симоница.
41ГІисаца бицана:
– Къарзалъ гІадамазухъе гІарац кьолев цо чиясул вукІун вуго кІиго налъулав. Цояс гьесие кьезе букІун буго щунусго динар, цогидас – кІикъоялда анцІго динар. 42Налъи бецІизе гьезул рес гьечІолъи бихьун, кІиясего хІалал гьабун тун буго гьес. Гьанже дуца бице дида: кинасе гьев цІикІкІун вокьилев?
43Симоница жаваб гьабуна:
– Дида ракІалде ккола, цІикІкІун гІарац нахъе кьезе букІарасе цІикІкІун вокьилин абун.
ГІисаца абуна:
– БитІун ракІалде ккун буго дуда.
44Цинги гъой чІужугІаданалдехун вуссун, гьес Симонида гьикъана:
– Дуда йихьулищ гьай гІадан? Дун дур рокъове лъугьараб мехалъ дир хІатІал чуризе лъим кьечІо дуца. Гьалъ жиндирго магІица чурана дир хІатІал, жиндирго ботІрол расуца ракъвазеги гьаруна гьел. 45Саламалъул убач гьабичІо дуца дида, гьалъин абуни дун гьаниве вачІаралдаса нахъего убачазул цІезарулел руго дир хІатІал. 46Салам гьабун нах бахинчІо дуца дир бетІералда, гьалъин абуни дир хІатІазда бахунеб буго бищунго махІгьуинаб нах. 47Гьединлъидал дица дуда абулеб буго: гьелъул мунагьал цІикІкІун чуридалин гьелъие дун цІикІкІун вокьулев вугев. Мунагьал дагь чурулесе дагь гурони вокьуларо.
48Дой гІадамалда гьес абуна:
– Мун мунагьаздаса яцІцІалъана, – ян.
49Цадахъ кваналел рукІаразда ракІалде ккана:
– Гьавго щив, гІадамал мунагьаздасацин рацІцІад гьаризе кІолев, чи?
50ГІисаца дой гІадамалда абуна:
– Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго.

 

8 бетІер

 

ГІисае хъулухъалъе чІун рукІарал руччаби

 

1Гьелдаса хадуб ГІиса Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабулаго ва Рохалил хабар бицунаго шагьаразда ва росабалъ тирулев вукІана. АнцІила кІиявго чапарги вукІана гьесда цадахъ. 2ГІисада цадахъ рукІана гьес сахлъизарурал ва жундуздаса рацІцІад гьарурал руччаби: жиндир чорхолъа гьес анкьго илбис бачахъарай Магдалина абураб тІокІцІар бугей Марямги, 3Гьеродил рукъалъул иш тІадкъарав Хуза абулев чиясул лъади Иоаннаги, Сусаннаги ва цогидалги, жидер боцІи-рикъзиялдасан кумек гьабун, гьезие хъулухъалъе чІун рукІарал руччаби.

 

Хуриб хьон хьалев чиясул мисал

 

4Цо нухалъ гІемераб халкъ бакІарун букІана гьесда аскІобе. Мисал бачун гьадинаб хабар бицана ГІисаца гьезие:
5– Хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила. ХІатІикь мерхьунел рукІарал гьел мугьал роржун рачІун хІанчІаз рищанила. 6Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. ТІаде раккаралго ракъванила гьел, ракьулъ регьел букІинчІелъул. 7Цогиги мугьал заз-хъарахъалда гьоркьоре кканила, хІалигъун бижараб заз-хъарахъалъ гъанкъун реханила. 8Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалде. Нус-нус мугь тІад бугел тІорал рижанила гьездаса.
Гьедин гьеб хабарги лъугІизабун, ахІун абуна ГІисаца:
– ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! – ан.
9Гьеб мисалалъул магІна щибилан гьикъана муридаз. 10ГІисаца абуна:
– Нуж руго Аллагьасул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма цогидазе – мисалаздалъун кьун буго, ралагьун ругониги гьезда бихьунгутІизе, гІенеккун ругониги бичІчІунгутІизе. 11Гьале доб мисалалъул магІна: хуриб хьалеб хьон буго Аллагьасул рагІи. 12Нухде рортарал хьодул мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулел гІадамал, цинги бачІун илбисалъ гьезул рекІелъа гьеб босун уна, гьел божунгутІизе ва хвасарлъунгутІизе. 13Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабуниги, дагьабго заманаялъ гурони гьелда божуларелал, – жидер кьалбал щулиял гьечІелъул, хІалбихьулел къоял тІаде гІунтІидал, жал ратІалъунги чІолел. 14Заз-хъарахъалде гъорлъе рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулелал, – амма къокъун унеб бугеб гІумруялъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъиялдаги тІагІам-лазаталдаги хадур хачадиялъ гьел гъоркькъинарула, гьезда тІорги цІубаларо. 15ЛъикІаб ракьалде рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІи рагІидал, хІеренаб-хІалимаб рекІелъ гьеб цІунулел ва гьеб сабру сабаблъун жидее бачІинги щолел гІадамал.

 

Чирахъалъул мисал

 

16РекІараб чирахъ тІад хьаг лъун лъицаниги бахчизабуларо, хьонбакІалда гъоркь лъоларо. Жанире лъугьаразе канлъи букІунедухъ борхатаб бакІалда лъола гьеб. 17Кинабго бахчарабщинабги тІатунелъул, балъгоябщинабги къватІибе загьирлъулелъул. 18Гьединлъидал нужеца хал гьабе кин нуж дихъ гІенеккун ругелали. Кодолъи бугесе тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бахъизе буго бугебилан гьесда кколебги.

 

ГІисахъе рачІуна гьесул эбелги вацалги

 

19ГІисахъе рачІана эбелги вацалги, амма халкъалъул гІемерлъиялъ гьесда аскІобе нух бахъизе кІвечІо гьезда. 20Дур эбелги вацалги мун вихьизе бокьун къватІир чІун ругилан абуна гьесда. 21Гьес гьезда абуна:
– Дир эбелги дир вацалги руго Аллагьасул рагІи жидеда рагІулел ва гьеб тІубазабулел гІадамал.

 

ГІисаца гьури къотІизабула

 

22Цо къоялъ жиндирго муридазда цадахъ гьев росода рекІана.
– РачІа доб рахъалде рахине, – ян абуна гьес гьезда.
Расаги бачун ана гьел. 23Гьедин унел гьал рукІаго, ГІиса кьижун ккана. ХІоралда тІад кутакаб гьури багъарана. Раса лъадал цІолеб букІана. Гъанкъиялда хІинкъи букІана. 24АскІоре ун, гьез ГІиса ворчІизавуна:
– Я, НасихІатчи! НасихІатчи! Нилъ гъанкъизехъин руго! – ян абун.
Макьидаса вигьун, гьес гьорода лъазабуна тІокІаб пугейилан, лъадаеги амру гьабуна гьалаглъугейилан. Гьел мутІигІлъана. СихІ къотІун лъугьана. 25Гьебмехалъ ГІисаца абуна:
– Киб бугеб нужер божи-иман?
ХІинкъиялъ гІажаиблъун хутІарал гьез цоцазде ургъел бикьулеб букІана, гьороеги карачалабазеги амру гьабулев ва гьелги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан.

 

ГІисаца сахлъизавула жундуз ккурав чи

 

26Гьале гьал щвана Галилеялда дандбитІун доб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде. 27Гьев ракъдаде рещтІараб мехалъ, гьесда данде вачІана цеве шагьаралда вукІарав цо чи. Гьев вукІана цевегоялдаса жундуз ккурав чи. Цебегоялдаса нахъе тІад ретІелги ретІунароан гьес, мина-руссеналъувги чІолароан гьев, хабалазул нохъазда букІана гьесул чІейи. 28ГІиса вихьаравго чІчІичІчІидулаго-ахІдолаго гьесда цеве кІалагъоркье речІчІана, ва кІудияб гьаракь гьабун, абуна гьес:
– ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса, щиб дуе дидасан къваригІараб? Дие гІазаб кьогейилан гьарула дица дуда! 29(ГІисаца хъубаб женалъе амру гьабун букІиндалха гьев чиясул чорхолъа къватІибе лъугьаян. Чанго нухалъ хъубаб женалъ ккун вукІиндал, кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран вухьунаан гьев. Амма, гьес рухьен тІутІураб мехалъ, женалъ гьев гІадан-чи гьечІеб бакІалде хъамулаан.) 30ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан.
– «Бо» буго, – ян жаваб кьуна. ГІемерал жундул рукІиндалха гьесул чорхолъ. 31Жундуз ГІисада гьарана жал жужахІалъул кІкІалахъе гъогеян. 32Гьениб магІарда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед. Гьел болъоназда гъорлъе лъугьине риччайин гьарана жундуз ГІисада. Гьес изну кьуна. 33Гьев чиясул чорхолъа къватІире рачІун хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат рехьед цо борхатаб бакІалдасан хІоринибе кІанцІана ва гьениб гъанкъана.
34Гьеб кинабго бихьун болъоназул гІухьби лъутун ана, шагьаралдаги росабалъги гьелъул хІакъалъулъ бицине. 35Щиб лъугьарабали лъазе гІадамал рачІана гьенире. ГІисада аскІоре щведал, гьесул хІатІазда цеве гІодов чІун ватана гьезда дов жундуз ккун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана. 36Гьенир рукІараз бицана жундуз ккурав чи ГІисаца кин сахлъизавуравали. 37Герасеназул тІолабго улкаялъул гІадамал кутакалда хІинкъидал, гьез ГІисада гьарана жидеда аскІоса нахъе айилан. Гьебмехалъ, росодаги рекІун, тІадвуссун ана гьев.
38Дов жундуз ккун вукІарав чияс ГІисада гьарана живги цадахъ вачейилан. Амма ГІисаца гьев вачинчІо. 39Гьес абуна:
– Дурго рокъове тІадвусса ва Аллагьас дуего гьабуралъул хІакъалъулъ бице.
Инеги ун гьев чияс кинабго шагьаралдаго бицана ГІисаца жиндиего гьабуралъул хІакъалъулъ.

 

ГІисаца унтарайги сахлъизаюла хварайги чІаголъизаюла

 

40ТІадвуссун Галилеялде вачІараб мехалъ, халкъалъул руккелалъ дандчІвай гьабуна ГІисада. Гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун рукІиндалха гьел киналго. 41Гьале синагогаялъул хІакимлъун вукІарав Яир абулев цо чи вачІана гьениве, ГІисал хІатІазда цеве кІалагъоркьеги речІчІун гьардана жиндир бакІалде вилълъаян. 42Гьев чиясул анцІила кІигогІан сон барай цохІо йигей яс йикІана хвалде ккун унтун.
Гьелъухъе унаго халкъалъул руккелалъ ГІиса данде къазавулев вукІана. 43АнцІила кІиго соналъ би къотІичІого ва черх бацІцІалъичІого йикІарай, лъиданиги сахлъизайизе кІвечІей цо чІужугІаданалъ, 44аскІоеги ячІун, нахъасан ГІисал гІабаялдасан далун букІараб цо гІертелалда квер хъвана. ГьебсагІат къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би.
45ГІисаца гьикъана:
– Дида квер лъица хъвараб? – ан.
Киназго инкар гьабидал, Пётрица абуна:
– Я, НасихІатчи, халкъалъ мун гьоркьов вазавун вугогури, данде къазавулев вугогури.
46Амма ГІисаца абуна:
– Цо лъицаялиго дида квер хъвана. Дидасан гьесде цо чи сахлъизавизе кІолеб къуват араблъи загьирлъана дие.
47Жиндир иш балъго хутІичІеблъи лъан, дой чІужугІадан сородилаго ГІисада аскІое ячІана, гьесда цее кІалагъоркье речІчІун, бицана щай жинца гьесда квер хъварабали ва кин жий гьебсагІат сахлъараялиги. 48Гьес гьелда абуна:
– Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго!
49Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса цо чи вачІана ва инсуда абуна дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабугейилан. 50Гьеб рагІидал, ГІисаца ясалъул инсуда абуна:
– Мун хІинкъуге, божун вукІа. Дур яс сахлъила, – ян.
51Гьезул бакІалде щведал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги ва ясалъул эбел-эменги гурони, цогидал гьес жанире риччачІо. 52Киналго, гьей ясалъухъ керен бухулаго, гІодулел рукІана. Амма гьес абуна:
– Нуж гІодуге. Гьей хун гьечІо, кьижун ккун йиго, – ян.
53Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана, гьей хун йикІинги лъан. 54Амма гьес, ясалъул кверги ккун, гьелде ахІана:
– ТІаде яхъа, ясай! – абун.
55Ясалъул чорхолъе рухІ тІадбуссун бачІана, гьей гьебсагІат тІаде яхъана. Гьелъие квен кьеян абуна ГІисаца. 56ГІажаиблъун хутІана гьелъул эбел-эмен. Амма гьеб лъугьа-бахъиналъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеян лъазабуна ГІисаца гьезда.

 

9 бетІер

 

ГІисаца чапарзаби халкъалъухъе ритІула

 

1АнцІила кІиявго чапарги ахІун, унта-щокъалги жундуз ккуралги сахлъизаризе къуватги ихтиярги кьуна гьезие ГІисаца. 2Цинги гьел чапарзаби ритІана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ лъазабизе ва гІадамал сахлъизаризе. 3Гьес гьезда абуна:
– Я гІанса, я таргьа-къвачІа, я квен-тІех, я гІарац-месед, я хисизе ретІел – щибниги босуге нужеца цадахъ. 4Цо лъилниги рокъоре лъугьани, гьеб ракьалдаса нахъе инегІан, гьенир чІа. 5Ваамма нуж къабул гьаричІони, гьеб шагьаралдаса къватІире рахъунаго, нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те. Аллагьасда цебе гьез жаваб кьезе букІине хутІа абе гьеб.
6Рахъун гьел росабалъа росабалъе ана, Рохалил хабар бицунаго ва киса-кирго унтаралги сахлъизарулаго.

 

Гьерод щакдарулев вуго щивдай гьев ГІисайилан

 

7Гьерод ханасдаги рагІана ГІисал гьел киналго ишазул хІакъалъулъ, ва гьев малъкъосун хутІана. Цо-цо гІадамаз абулеб букІиндалха хваралъуса вахъун ЯхІя вачІун вугилан. 8Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вачІун вугилан, цо-цояцайин абуни, цебе заманаялъул аварагзабазул цояв чІаголъун вугилан хабар биччан букІана. 9Гьеродицани абулеб букІана:
– ЯхІял дица бетІер къотІана; жиндир хІакъалъулъ дида гьадинал харбал рагІулел ругев чи щивха кколев?
Гьев вихьизе гъира букІана Гьеродил.

 

ГІисаца щуазарго чи гІорцІизавула

 

10ТІадруссун рачІун чапарзабаз ГІисада бицана жидецаго гьабура-таралъул хІакъалъулъ. Цинги, цохІо гьелги рачун, гьев ана Байтсаида абулеб шагьаралде. 11Амма, гІадамазда лъан, гьелги гьесда хадур ана. Гьес гьел тІаде къабул гьаруна. Гьезие Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана ва гьесул кумекалде хІажалъарал сахлъизеги гьаруна.
12Гьале маркІачІумех щолеб букІана. АскІове вачІун анцІила кІиявго чапарас гьесда абуна:
– Сордо базеги жидеего квание гІамал гьабизеги гІагардаса гІебеде ругел росабалъе ва кулабазде айилан абе гьал гІадамазда, гІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб.
13ГІисаца гьезда абуна:
– Нужеца кваназаре гьел.
Гьез абула:
– Щуго чедги кІиго ччугІаги гурони гьечІо нижехъ, гьел киназего гІураб кваназе жо босизе ани гурони.
14(Гьенив вукІана щуазаргогІанасев бихьинчи.) Жиндирго чапарзабазда гьес абуна:
– Нужеца гьел, гІага-шагарго кІикъоялда анцІ-анцІ чи кколедухъ, кьера-кьерал гьарун чІезаре, – ян.
15Гьес абухъе гІодор чІезаруна гьез гьел киналго. 16ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун кванде дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна халкъалъе бикьейилан. 17Киналго гІорцІизегІан кванана, анцІила кІиго гьегь цІураб нахъегицин хутІана.

 

Пётрица иман лъуна ГІиса МасихІ вукІиналде

 

18Цо нухалъ ГІиса живго цохІо вукІана Аллагьасда гьарделев. Муридалги рукІана гьесда цадахъ. Гьес гьезда гьикъана:
– Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? – абун.
19Гьез жаваб кьуна:
– Цояз мун ЯхІя авараг вугилан абулеб буго, цогидаз абулеб буго Иляс авараг вугилан, цо-цояз абулеб буго цебе заманаялъул аварагзабазул цояв вугин хваралъуса вахъун вачІунилан.
20Гьес гьезда гьикъана:
– Нужеца щивлъунха дун рикІкІунев? – абун.
– Мун Аллагьасул МасихІ вуго, – ян жаваб кьуна Пётрица.
21Гьес гьезда кьварун лъазабуна лъиданиги гьелъул хІакъалъулъ бицунгейилан.

 

ГІисае букІине бугеб гІазаб-гІакъуба

 

22ГІисаца бицана ГІадамил Лъимаца гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугин, чІухІби-хІакимзабазги, чІахІиял кашишзабазги, диниял гІалимзабазги гьесдаса инкар гьабизе бугин, чІвазе вугин ва лъабабилеб къоялъ Аллагьас чІаголъизавизеги вугин.
23Цинги гьес киназдаго абуна:
– Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги щибаб къоялъ бачче ва дида хадув вачІа. 24Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила. 25Живго рецІалие кьун яги тІагІун хадуб, тІолабго дуниялалъул кверщел хъатикье щвеялъул щиб пайда бугеб инсанасе? 26Дунги дир рагІабиги сан гьаричІев чи ГІадамил Лъимацаги сан гьавизе гьечІо, жиндиргоги, Инсулги, мукъадасал малаикзабазулги нуралъ гвангъун гьев вачІунеб мехалъ. 27ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи бихьичІого жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор.

 

ГІиса хиса-басун лъугьуна

 

28Гьес гьедин абуралдаса микьгогІанасеб къо индал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги цадахъ рачун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде вахана ГІиса. 29Гьари-дугІаялда ГІиса вукІаго, гьесул гьурмал куц хисана, ретІелги хъахІлъана, кенчІезе лъугьана. 30Гьале кІиго чи ГІисада гаргадула. Гьел рукІана Мусаги Илясги. 31ТІад нур чІун букІана ГІисадаги гьездаги. Гьез бицунеб букІана Иерусалималда цІезабизе бугин ГІисал къадаралъул лълъар. 32Ригьунаредухъ кьижун рукІана Пётрги цадахъ ругелги. Ригьараб мехалъ гьезда бихьана ГІисада тІад чІараб нур, кІиго чиги вугоан аскІов эхетун. 33Гьев кІиявго чи ГІисада аскІоса нахъе унеб мехалъ, Пётрица гьесда абуна:
– Я, НасихІатчи! ЛъикІ буго гьаниб нилъее. РачІа лъабго хъощ базин: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие.
(Гьедин абуна Пётрица щиб абилебали лъаларого хутІидал.) 34Гьев кІалъан вахъиналдего, цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел, ва, гьеб накІкІукье ккедал, хІинкъана муридал. 35Цинги накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь:
– Гьав ккола дица витІизе тІаса вищарав дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж!
36Гьеб гьаракь къотІараб мехалъ, ГІиса нахъеги живго хутІун вугоан. Муридаз гьеб балъго гьабуна ва жидедаго бихьаралъул хІакъалъулъ доб мехалъ лъиданиги бицинчІо.

 

ГІисаца сахлъизавула жундуз ккурав цо вас

 

37Нахъисеб къоялъ, магІардаса гъоркье рещтІиндал, ГІисада данде гІемераб халкъ бачІана. 38Гьале халкъалъул руккелалда гьоркьосан цо чияс ахІана:
– Я, МугІалим! Дир цохІо вугев васасухъ валагьеян гьарула дица дуда. 39Женалъ ккола гьев ва тохлъукьего чІчІичІчІидизе лъугьуна, цинги, кІалдиб полопги бан, тІеркІезавула. ГІемераб гІазаб-гІакъуба кьун хадув гурони виччан толаро. 40Дур муридазда гьарана дица гьеб жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо.
41ГІисаца абуна:
– ГІай, нуж иман гьечІеб ва пасатаб уммат! КидалъагІан дун нужеда цадахъ вукІинев ва кидалъагІан нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас.
42Вачун вачІунаго, жен васасде тІаделъана, тІамун гІодовгун, тІеркІезавуна. Амма ГІисаца гьеб хъубаб жен чІезабуна ва сахлъизавун васги инсухъе кьуна. 43Киналго хІикмалъун хутІана, Аллагьасул хІалкІолъи бихьуларищан.

 

ГІисаца нахъеги бицуна жиндиего ккезе бугелъул

 

Кинабго халкъ ГІисал мугІжизаталъ гІажаиблъизабун бугеб мехалъ, жиндирго муридазда гьес абуна:
44– Гьал дир рагІаби гІинзунир лъе нужеца: ГІадамил Лъимер кьезе вуго гІадамазда кодове.
45Амма гьезда бичІчІичІо гьел рагІабазул магІна. БичІчІичІого букІинелъун, гьездаса бахчун букІана гьеб. Гьелъул хІакъалъулъ гьикъизеги хІинкъана гьел.

 

«Бищун кІудияв щив?»

 

46Гьезул дагІба ккана жидеда гъорлъ щивдай бищунго кІудиявлъун вугевилан. 47Гьезул рекІелъ бугеб пикруги бичІчІун, кодобе босун, жиндаго аскІоб лъуна ГІисаца цо лъимер. 48Гьес гьезда абуна:
– Цо гьадинаб лъимер лъицаниги, дие гІоло, къабул гьабуни, гьеб бащалъизе буго дун къабул гьавиялда. Дун лъицаниги къабул гьавуни, гьеб бащалъизе буго дун нужехъе витІарав Аллагьги къабул гьавиялда. Гьединлъидал нужеда гъорлъги бищунго гьитІинав ккола бищунго кІудиявлъун.

 

«Нужеда дандечІоларев чи ккола нужер рахъалда вугев чи»

 

49Гьебмехалъ Иоанница абуна:
– Я, НасихІатчи! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе.
50ГІисаца гьесда абуна:
– Гьукъуге гьесие гьеб. Нужеда дандечІоларев чи ккола нужер рахъалда вугев чи.

 

Самариялъул цо росдаца ГІисае гьоболлъи гьабичІо

 

51Зобалазде живго вачунеб заман гІагарлъидал, Иерусалималде ине таваккал тІамуна ГІисаца.
52Жиндасаго цере муридал ритІана гьес сапаралде. Самариялъул цо росулъ чІана гьел, ГІиса вачІиналде хІадурлъи гьабун. 53Амма гьениб ГІисае гьоболлъи гьабичІо, гьев Иерусалималде унев вукІин лъан. 54Гьебмехалъ гьесул муридал Якъубица ва Иоанница абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьилаанищ зодисан цІадул балагь рещтІун гьал хвезареян нилъеца абизе.
55Гьелъие изну гьечІилан абуна ГІисаца, гьездехунги вуссун. 56Цинги гьел цоги росулъе ана.

 

«Аллагьасул ПарччахІлъиялъе щив ярагьунарев?»

 

57Нухда унаго цо чияс ГІисада абуна:
– Мун киве аниги, дуда цадахъ вилълъина дунги.
58ГІисаца гьесда абуна:
– Царал жиндирго рукІун буго, хІанчІил бусен буго, амма ГІадамил Лъимадул бетІер бегьизе бакІ гьечІо, – ян.
59Цоги чиясдани ГІисаца абуна:
– Дида цадахъ вилълъа, – ян.
Амма дос абуна:
– Дир хварав эмен вукъизе ине изну кье дие.
60ГІисаца гьесда абуна:
– Хвараца рукъизе те хварал чагІи. Мунин абуни Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабизе а.
61Цогиги чиясги гьесда абуна:
– Дун дуда цадахъ вилълъина, БетІерчІахъад! Амма агьлу-хъизаналъулгун къолъикІ гьабизе ине изну кье.
62ГІисаца гьесда абуна:
– Хур бекьизе пурцил гІоркьги ккун, нахъ-нахъ валагьулев чи Аллагьасул ПарччахІлъиялъе ярагьунаро.

 

10 бетІер

 

Лъабкъоялда анцІго мурид халкъалъухъе витІула

 

1Гьелдаса хадуб ТІадегІанав ГІисаца тІаса вищана жеги лъабкъоялда анцІго чи ва жиндасаго цере кІи-кІиккун ритІана живго щвезе ракІалда букІарабщинаб шагьаралдеги росулъеги. 2Гьес гьезда абуна:
– Хуриб хІалухъен гІемер бижун буго, хІалтІухъаби дагь руго. Гьеб лъилъизе кверщел кодоб бугев БетІергьанасда гьаре лъилъарухъаби ритІеян. 3Гьанже а! Гьале дица нуж ритІулел руго бацІазда гъорлъе кьагІи гІадин. 4Я гІарац лъун таргьа босуге, я къайи лъун къвачІа босуге, я хисун ретІине хьитал росуге, нухда данде ккарасе саламги кьоге[7]. 5Лъил бакІалде нуж щваниги, гьезие рекъел гьарун, «Ассаламу гІалайкум (Рекъел нужее)» абун лъугьа гьесул къавулъе. 6Саламалъе (ай ракълие) мустахІикъав чи вугони – нужер салам гьесде щвела, гьечІони – гьеб нужедего тІадбуссина. 7Гьеб къавулъ чІа нуж, гьезда цадахъ квана-гьекъон, – хІалтІухъанасе мухь хІалалаб букІунелъул. Цо къавулъа цоги къавулъе гочаруге. 8-9Цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаруни, нужее кьурабги кванай, гьенир ругел унтаралги сахлъизаре, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде тІаде гІунтІун бугиланги бице гьезда. 10Ваамма цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаричІони, къотІнореги рахъун, гьадин абе: 11«Нужер шагьаралда нижер хІатІазда тІад чІараб хІургицин нижеца къватІазде нужеего кІутІулеб буго. Амма лъан букІаха Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугеблъи». 12Дица нужеда абулеб буго: къиямасеб къоялъ Содомалъул халкъ гІемерго лъикІ букІина гьеб шагьаралъул халкъалдаса.

 

Балагьги гІазабги Аллагьасде руссинчІел шагьаразде

 

13Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Амма Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, ракьалда гІодорги чІун[8], церего руссинаан гьел Аллагьасде. 14Гьединлъидалин Тиралъулги Сидоналъулги халкъалъе къиямасеб къоялъ нужееялдаса бигьа букІине бугеб! 15Дудаги, Капернаум, зобалазде бахине гьабилинищ ракІалде кколеб бугеб? ЖужахІалъул кІкІалахъе рехила мун!
16Нужехъ гІенеккулел дихъги гІенеккула, нужеде инкар кколез дидеги инкар ккола, диде инкар кколез дун жинца витІарав Аллагьасдеги инкар ккола.

 

Лъабкъоялда анцІавго мурид тІадвуссун вачІуна

 

17Лъабкъоялда анцІавго мурид рохуца холаго тІадруссун рачІана.
– Я, БетІерчІахъад! – ан абуна гьез. – Жундулгицин мутІигІлъула нижее, дур цІар рехсон гьезие амру гьабураб мехалъ.
18ГІисаца гьезда абуна:
– Дида бихьана илбис пири гІадин зодисан бортун унеб! 19Гьале дица нужее къудрат кьуна щибго зарал гьечІого борхьалги ичІкІалалги хІатІаз мерхьине ва тушманалъул тІолабго къуват-гучалда тІад кверщелги кьуна. 20Амма нуж рохуге хъубал жундул нужее мутІигІлъулел ругилан, нуж роха зобалазда жидер цІарал хъваразда гьоркьор рукІиналдаса.

 

«Дуе рецц буго, дир Эмен!»

 

21Илагьияб РухІалъ цІурав ва вохизавурав ГІисаца гьебмехалъ абуна:
– Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъго гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго дуца загьир гьабуралъухъ. Уха, дир Эмен, гьелъулълъидалха бугеб дур цІобалъул гІатІилъи!
22Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо Вас щивали. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен щивали.
23Муридаздехун вуссун, цохІо гьезда абуна ГІисаца:
– Гьардарал гурищха гьаб кинабго бихьулел нужер берал. 24Дица нужеда абулеб буго: гІемерал аварагзабазеги парччахІзабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо.

 

ГурхІел бугев самариясул хІакъалъулъ

 

25Гьале цо динияв гІалимчияс, гьесул хІалбихьизе, суал кьуна:
– Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвезе щиб дица гьабизе кколеб?
26ГІисаца гьесда абуна:
Къануналда кин бугеб? Щиб цІалараб дуца гьелъул хІакъалъулъ?
27Дос жаваб кьуна:
– «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун» ва «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги».
28ГІисаца гьесда абуна:
– Дуца битІун жаваб кьуна. Гьеле гьедин гьабуни, абадияб гІумру букІина дур.
29Живго ритІухъ гьавизелъун, дов чияс гьикъана:
– Щивха кколев «дида аскІов вугев»?
30Гьанже ГІисаца гьесие, мисал бачун, хабар бицана:
– Цо чи унев вукІана Иерусалималдаса Иерихоналде. ТІаде кІанцІун хъачагъаз гьесухъа къайи бахъана, кьабун-вухун, хвалде ккезавун гьевги тун, нахъе ана. 31Гьале цо кашиш ккана досда тІаде, амма гьев нухлул добцояб рахъалдехун лъугьана. 32Гьединго цо левитги[9] ккана досда тІаде, гьевги лъугьана нухлул добцояб рахъалде. 33Сапаралда вукІарав цо самариявги ккана досда тІаде. Дов вихьаравго, гурхІизе бачІун, 34аскІове ун, чогъроца чурун ва нах бахун, досул ругънал къачІана гьес, жиндирго гІорцІмидаги рекІинавун, петералде вачун, досие хъулухъги гьабуна. 35Нахъисеб къоялъ, петералъул бетІергьанасе кІиго динарги кьун, самарияс абуна: «Дуца тІалаб гьабе досул. Гьалдаса цІикІкІун дуца хвезабизе ккани, тІадвуссун вачІунаго гьебги бецІила дица дуе». 36Хъачагъаз зулму гьабурасда «аскІов вугевлъун» щив рикІкІинев гьел лъабаздаго гьоркьоса?
37– Досда гурхІун кумек гьабуравха, – ян жаваб кьуна динияв гІалимчияс.
ГІисаца гьесда абуна:
– Инеги ун, дуцаги гьедин гьабе, – ян.

 

Марталги Марямилги хІакъалъулъ

 

38Гьедин ГІисаги муридалги сапаралда рукІаго, гьев цо росулъе щвана. Марта абулей цо гІаданалъ ГІиса гьоболлъухъ вачана. 39Гьелъул йикІана Марям абун яцги. ТІадегІанав ГІисал хІатІаахада гІодойги чІун, гьесул харбихъ гІенеккун йикІана гьей. 40Мартайилан абуни, гьебмехалъ гьезие кІудияб гьоболлъи гьабизе квалквадилей йикІана. ГІисада аскІое ячІун, гьелъ абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Дуе агъазго гьечІо яцалъ дун гьаний квалквадизе тун йикІиналъул. Дие кумек гьабизе яхъаян абе гьелда.
41ТІадегІанав ГІисаца, гьелъие жаваб кьун, абуна:
– Марта! Марта! Мун гІемераб жоялда квер чІвазе лъугьун йиго, 42амма цо жо кквезе ккола чияс. Гьале Марямица лъикІаб бутІа тІаса бищана, лъиданиги кІвеларо гьелъухъа гьеб бахъизе.

 

11 бетІер

 

ГІисаца муридазда дугІа гьабизе малъула

 

1Цо пуланаб бакІалда Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІана ГІиса. Гьесул гьари-дугІа лъугІарабго, цо муридас ГІисада абуна:
– Я, БетІерчІахъад! ЯхІяца жиндирго муридазда малъараб гІадин, нижедаги малъе Аллагьасе гьари-дугІа гьабизе.
2Гьес гьезда абуна:
– Нужеца дугІа гьабулаго гьадин абе:
Я, Эмен, дур цІар гІадамаз мукъадасаблъун рикІкІаги, дур ПарччахІлъи тІаде щваги, 3щибаб къоялъ нижер бетІербахъиялъе хинкІ-чед кье нижее, 4нижер мунагьазда тІасаги лъугьа, гІадамаз нижее гьабуралда нижги тІасалъугьунел ругин. Нижер хІалбихьизеги биччаге.
5Цинги гьес бицана:
– Масала, нужер цоясул вуго гьудул, сордо бащалъараб мехалъ гьесул нуцІихъе ун дуца абулеб буго: «Я, дир гьудул, къаси дие цо лъабго чед кьеларищ дуца? 6Сапаралда вугев цо гьудул гьоболлъухъ вачІун вуго дихъе, гьесда цебе лъезе квен гьечІого вуго дун», – абун. 7Унго, дос жанисан гьадинаб жаваб кьеладай дуе: «Дир рахІат хвезабуге. НуцІаги рахан буго, лъималги руго дида аскІор бусада кьижун. ТІаде вахъун дуе чед кьезе кІоларо дида». 8Амма дица абила гьадин: гьудуллъиялъул къимат гьабун кьечІониги, дур тІасавичІунгутІиялдаса ворчІичІого, гьайгьай, тІаде вахъун дос дуе кьела къваригІарабгІанаб чед.
9Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: гьаре нужеца – нужее кьечІого толаро; балагье нужеца – батичІого хутІуларо; нужеца нуцІа бухе – гьеб рагьичІого толаро. 10Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула. 11Нужеда гъорлъ вугищ цониги эмен, васас ччугІа гьарараб мехалъ, гьесухъе борохь кьолев? 12Яги, хоно гьарани, гьесухъе ичІкІал кьолев? 13Нужго квешал ругониги, лъималазе нужеца лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе кигІан цІикІкІун рещтІинабилеб зобалазда вугев Инсуца Илагьияб РухІ.

 

ГІисайищ яги жундузул ханищ?

 

14Цо нухалъ цо чиясул чорхолъа ГІисаца бачахъана гІадан мацІ лъаларевлъун лъугьинавулеб жен. Чорхолъа жен индал, мацІ лъаларев чи гаргадизе лъугьана, гьелда гІажаиблъи гьабун халкъги хутІана. 15Цо-цо гІадамаз абулеб букІана гьес инсанасул чорхолъа жундул рачахъулел ругин жундузул хан Беэлзебулил кумекалдалъун. 16Цогидаз, гьесул хІалбихьизелъун, тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. 17Гьезул пикрабиги лъан, ГІисаца гьезда абуна:
– Бокьараб ханлъиялда жаниб кьал ккани – гьеб ханлъи биххула, хъизаналда жаниб кьал ккани – гьеб хъизанги биххула. 18Гьединго илбисги жибго жиндаго дандечІун кьалда бугони, гьелъул ханлъи биххичІого хутІилищ? Нужецани абулеб буго Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулин дица гьел. 19Дица гьел Беэлзебулил кумекалдалъун рачахъулел ратани, нужер умматалъул гІадамаз лъил кумекалдалъунха гьел рачахъулел? Гьеле гьел гІадамаз нуж мекъи рукІин чІезабила гури. 20Амма дица жундул Аллагьасул кумекалдалъун рачахъулел ругелъул, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде гІагарлъун букІин бичІчІула гьелдасан.
21Кодоб ярагъгун цо къуватав-кутакав чияс жиндирго рукъ цІунулеб бугони, гьесул боцІи-рикъзиялъе хІинкъи букІунаро. 22Амма гьесдасаги къуватав тІаде кІанцІани, гьев къезавила, гьесул ракІчІей букІараб ярагъги кодоса босила, гьесухъа бахъун давлаги жидеразего бикьила.
23Дунгун цадахъ гьечІев чи – гьев вуго дида дандечІарав чи. Диргун жубай гьечІев чияс журай биххизабила.

 

Жен жиндирго рокъобе тІадбуссуна

 

24Инсанасул чорхолъа бачахъараб хъубаб жен ракъдалал авлахъазда терелеб-женжедулеб букІуна, жиндиего рахІат-хІалхьи балагьулаго. Амма рахІат-хІалхьи батуларо женалда. Гьелъ абула: «РачІа, дун цебе дунго букІараб рокъобе тІадбуссина», – ян. 25ТІадбуссун щведал, гьелда рукъ батула лъухьун, къачІан. 26Гьанже женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола.

 

ГІисаги цо пуланай чІужугІаданги

 

27ГІисаца гьедин абидал, цо чІужугІаданалъ ахІана халкъалъул руккалида гьоркьосан:
– Гьардарай гурищха мун гьавурай,
дуе керен кьурай дур эбел!
28Гьес абуна:
– Дагьалги цІикІкІун гьардарал гурищ Аллагьасул рагІи рагІулел
ва гьелда рекъон хьвадулел гІадамал!

 

Юнус аварагасул гІаламаталъул хІакъалъулъ

 

29ГІемераб халкъ жиндаго аскІобе бачІараб мехалъ, ГІисаца абуна:
– ЦІакъго квешлъун буго гьаб уммат! Гьазие бокьун буго гІаламат бихьизабизе. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьезие букІине гьечІо. 30Ниневиялъул халкъалъе гІаламатлъун Юнус авараг лъугьарав гІадин, ГІадамил Лъимерги гІаламатлъун лъугьина гьаб умматалъе. 31Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса. 32Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса.

 

Чирахъалъул мисал

 

33Лъицаниги лъеларо рекІараб чирахъ бихьулареб бакІалда яги сахІида гъоркь. Жанире лъугьаразе канлъи букІунедухъ борхатаб бакІалда лъола гьеб. 34Дур бер – гьеб буго дур черхалъул чирахъ. Берал канал ругони, дур тІолабго черхги канлъула. Берал канлъукъал ругони, дур черхги бецІлъула. 35Ворегиха, дулъ бугеб канлъи бецІлъиялде сверизе гурин. 36Гьедин, мун канлъул цІун вугони, щибниги бецІлъиги дулъ гьечІони, мун тІуванго гвангъила, чирахъул канлъиялъ мун кенчІезавун вугев гІадин.

 

ГІисаца фарисеяздаги диниял гІалимзабаздаги гІайиб чІвалеб буго

 

37ГІисал вагІза лъугІидал, цо фарисеяс гьев къаде кваназе ахІана. ВачІун сурпаялда нахъа гІодов чІана ГІиса. 38Кваназе лъугьиналде гьес кверал чуричІелъул, фарисеяв хІикмалъун хутІана. 39ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна:
– Нужеца, фарисеяз, суркІа-щуруналъул тІасахун рахъ бацІцІад гьабун чураниги, нужер жанисахун рахъ хъантІиялъулги квешлъиялъулги цІун буго. 40ГІабдалзаби! ТІасан бихьулеб бижарас гурищ жанибехун бугебги бижараб? 41Амма жаниб бугебаб садакъаде кьуни, гьебмехалъ хІакъикъаталда тІасаги рацІцІалъила нуж. 42Балагьги гІазабги нужее, фарисеял. Нужеца садакъаде кьола хІатта сагІаналъул, гъараналъул ва цогидабги гІурччинлъиялъул анцІил бутІа[10], ритІухълъиялъулги Аллагьасде рокьиялъулги нужеца тІалабго гьабуларо. Гьебги гьабизе ккола, гьабцоябги гьабичІого тезе бегьуларо. 43Балагьги гІазабги нужее, фарисеял! Нужее бокьула синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва базаркъотІноб халкъалъ салам кьезе. 44Балагьги гІазабги нужее! Нуж релълъуна тІасан хьвадулесда хІатІикь букІин лъалареб, зани чІвачІеб хобалда.
45Гьебмехалъ цо динияв гІалимчияс абуна гьесда:
– Я, МугІалим! Гьединал рагІабиги абун, дуца нижги инжит гьарулел ругогури.
46ГІисаца абуна:
– Нужееги, диниял гІалимзаби, балагьги гІазабги! Щайгурелъул нужеца гІадамазул мугъзада лъолеб буго баччизе кІоларебгІан бакІаб гьир, нужецагойин абуни, гьелда килищцин хъваларо. 47Балагьги гІазабги нужее! Нужер умумуз чІварал аварагзабазул хобазда тІад мазарал[11] гьарулел руго нужеца. 48Гьелдалъун нужеца чІезабулеб буго умумузул ишазда нуж тІад рекъолел рукІин. Доз аварагзаби чІвана, нужецайин абуни, доз чІван хваразул хобазда тІад мазарал гьарулел руго. 49Гьединлъидал Аллагьасул ГІакъиллъиялъ абун буго: «Аварагзабиги чапарзабиги ритІизе руго дица гІадамазухъе, гьезин абуни цоял чІвазе руго, цогидал рачахъизе руго. 50-51Гьабилидаса бахъараб къурбан хъолеб бакІалдаги Мукъадасаб Рукъалдаги гьоркьов чІварав Закария аварагасде щвезегІан, дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб киналго аварагзабазул бидул хІакъ босизе буго гьаб умматалдаса». Гьале дица нужеда абулеб буго: гьаб умматалдаса тІалаб гьабизе буго дозул бидул хІакъ.
52Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби! Щайгурелъул нужеца гІелмуялъул кІул босана, амма кІулал ричІун нужгоги инчІо жанире, ине бокьаралги риччачІо.
53-54ГІиса гьениса нахъе аралдасаго, батІи-батІиял суалал кьун, гьесухъа рагІи бахъизе чанкъан чІун, тІаделъизе байбихьана диниял гІалимзабазги фарисеязги, гьесул кІал таризабизе кІоларищали.

 

12 бетІер

 

ГІисаца муридазе гІакълаби кьолел руго

 

1Аза-азар чи гІахьаллъарал чІахІиял руккелал гьарун рачІунел рукІана гІадамал гьеб заманалда ГІисада аскІоре. Цоцаца мерхьиналде ккун букІана гьезул иш. ГІисаца цин жиндирго муридазда абуна:
– Вореха, фарисеязул реччеялдаса, ай гьезул кІигьумерчилъиялдаса цІуне нужго. 2Щайгурелъул тІатинчІого цониги бахчараб жоги хутІулареб, загьирлъичІого щибниги балъгояб жоги букІунареб. 3Гьединлъидал сардил бецІлъухъе нужеца абураб жо, бакъул канлъухъе къватІибе рагІун батулеб; рокъоб жаниб нужеца лъилниги гІинзукье щурараб рагІи, тІохаздасан киназдаго лъазабун батулеб. 4Дица нужеда абулеб буго, дир гьудулзаби: инсанасул черх чІвазе гурони, тІокІаб щибниги гьабизе кІоларезукьа нуж хІинкъуге. 5Дица малъила нужеда лъикьа хІинкъизе кколелали. Нуж хІинкъа чІван хадур нуж жужахІалъуре рехизе кІолев Аллагьасукьа. Гьеле гьесукьа хІинкъаян абила дица нужеда. 6КІиго пахьул шагьиялъухъ гурищ щолеб щуго къадако? Амма гьезул цонигияб кІочон толаро Аллагьасда. 7Нужер бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел. Нуж хІинкъуге, киналго къудкуздаса хириял руго нуж.
8Гьале дица нужеда абулеб буго: гІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул, Аллагьасул малаикзабазда цебе, ГІадамил Лъимацаги рахъ кквезе бугебха. 9ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса, Аллагьасул малаикзабазда цебе, дицаги инкар гьабила. 10ГІадамил Лъимада данде рагІи абурав бокьарав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо. 11Синагогаялъуреги рачун, чІухІбуздаги чІахІиял хІакимзабаздаги цере нуж рахъун чІезарураб мехалъ, гьезда щибдай бицинаян, щиб жавабдай кьела гьезул суалазеян ургъел ккоге нужее; 12гьеб лахІзаталда Илагьияб РухІалъ малъилелъулха нужеца щиб бицине кколебали.

 

ГІакълу гьечІев цо бечедав чиясул хІакъалъулъ

 

13ГІадамазда гьоркьосан вахъун, цо чияс абуна ГІисада:
– Я, МугІалим! Инсул ирсалъул дие кколеб бутІа кьеян абе дир вацасда.
14ГІисаца гьесда абуна:
– Ле, нужее суд гьабизе ва нужер ирс бикьизе тІамурав чийищ дун?
15Цинги халкъалдехун абуна:
– Ворегиха, хъантІиялдаса цІуне нужго! Щайгурелъул дуниялалъул боцІи-рикъзи гьарзаго бугониги, гьелда бараб гьечІо инсанасул гІумру.
16Хадуб ГІисаца гьезие, мисал бачун, бицана:
– Цо бечедав чиясул хуриб бижун букІун буго бакІарун хІалкІоларебгІан гІемераб хІалухъен. 17Гьес жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила. Гьеб хІалухъен базе гІураб бакІ гьечІогури дир». 18Цинги гьес хІукму гьабун буго: «Гьа, гьанже лъана дица щиб гьабилебали. Дирго царгъалги риххун, чІахІиял царгъал гьарила ва тІолабго хІалухъенги цогидаб бечелъиги гьезда жанибе буссинабила. 19Цинги дица дирго напсалда абила: „Я, дир напс! Гьале чанго соналъе гІураб бечелъи буго дур. РахІаталда кванай, гьекъе, кеп гьабе дурго гьанже!“» 20Амма Аллагьас абун буго гьесда: «Я, гІабдал! Къаси дур рухІ бахъизе буго! Лъие хутІулеб дуца бакІарараб бечелъи?» 21Жиндиего хазина бакІарулев, амма Аллагьасда цеве мискинав чиясул къадар гьединаб букІуна.

 

ГІисаца муридазда ургъел гьабугеян малъула

 

22Цинги жиндирго муридазда ГІисаца абуна:
– Гьединлъидалин дица нужеда абулеб: щибдай кваналаян чохьое гІологи, щибдай ретІинаян чорхое гІологи хъалхъадуге. 23Квандаса цебесеб буго рухІ, ратІлидаса цебесеб буго черхги. 24Гъудузухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Аллагьас хьихьун руго гьел. Амма хІанчІаздаса гІемерго хириял руго нуж. 25Лъида кІвезе бугеб, кигІан хъалхъаданиги, жиндирго гІумру цо къоялъниги халалъизабизе. 26Гьеб гьитІихІинабгицин гьабун бажаруларел нуж кІудияб гьабизеян щай лъугьунел?
27ТІугьдузухъ ралагье нуж. Я хурир хІалтІуларо гьел, я кун дургъуларо гьез. Амма гьале дица нужеда абулеб: жиндирго машгьурлъиялъул завалалдагицин Сулайман парччахІасул букІинчІо бокьараб тІогьол гІадинаб ретІел. 28Я, ле – божи дагьаб уммат! Жакъа гІалахалда бугони, метер цІадабе рехулеб тІегь-хералдагицин Аллагьас гьединаб берцинаб ретІел ретІунеб мехалъ, кигІан берцинабдай нужер букІинеб!
29Гьединлъидал щибдай кваналаян, щибдай гьекъелаян нужеего гІакъуба кьоге, 30гьеб кинабго бугелъул Аллагь лъалареб халкъалъги тІалаб гьабулеб жо. Нужер Инсуда лъала нужее гьеб хІажалъулеблъи. 31Нужеца гІамал гьабе Аллагьасул ПарччахІлъиялде рорчІизе, цогидаб хутІарабщинаб гьес нужее тІадеги кьела.
32ХІинкъуге, гьитІинаб рехъен! ЦІоб лъун, нужер Инсуца нужее ПарччахІлъи кьезе бугебин. 33Нужерго боцІи-рикъзиги бичун садакъаби гьаре. Багьулареб-бихъулареб таргьа-къвачІа гьабун те, зобалазда бугеб турулареб-холареб хазина къачІан те. Гьеб хазина зобалазда я цІогьорас бикъуларо, я ицица кваналаро. 34Нужер хазина бугеб бакІалда букІине бугелъул нужер ракІги.

 

ГІисаца муридазда хІадурго чІайилан абулеб буго

 

35Нуж ретІа-къан къачІан рукІа, рекІун чирахъалги те. 36Берталъе ун тІадвуссун вачІарав рукъалъул бетІергьанас кавуда тункидал, гьебсагІат гьев жаниве виччазе хІадурго чІарал рагьтІателал гІадин рукІа нуж. 37Гьардарал гурищ, жидерго бетІергьанасда живго вачІинегІан рорчІуда чІун ратарал рагьтІателал. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда, гьес жинцаго гьезие гІоло рачел къазе буго, кванил тІутІ тІибитІизе буго ва квана-гьекъезе гІодор чІезаризе руго. 38Гьардарал гурищ, кида вачІаниги: сордо бащалъараб мехалъ, яги радакье вачІаниги, рорчІуда чІун гьесда ратарал рагьтІателал. 39Рукъалъул бетІергьанасда лъалеб бугони цІогьор вачІунеб заман, гьес цІогьор жаниве ворчІизе виччаларевлъи лъай нужеда. 40Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер.
41Гьебмехалъ Пётрица абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Нижеейищ дуца гьеб мисал бачунеб бугеб, яги кинабго халкъалъейищ?
42ТІадегІанав ГІисаца абуна:
– РагьтІателазе бетІерлъи гьабеян ва гьезие ригь-ригьалда ва роцада квен-тІехги чІезабеян тарав рагьтІател, 43гьесул бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалда ритІухъго ва цІодорго хІалтІулев ватани, – гьардарав гурищ гьединав рагьтІател. 44ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: бетІергьанас гьединав рагьтІателасда божун тела жиндир тІолабго магІишат. 45Амма гьедин тарав рагьтІател, жиндир бетІергьан тІадвуссун вачІине гІезегІан заман бугин ракІалдеги ккун, жинца тІалаб гьабизе кколел рагьтІателалги гъаравашалги рухизе-кьабизе лъугьани ва квана-гьекъон къоял тІамулел ругони, щиб ккелеб? 46Гьесда ракІалдаго гьечІеб къоялъ ва вачІиниланго ккечІеб сагІаталъ тІаде рехун вачІина гьесул бетІергьан. КІихІи хъвалхьина гьес гьев рагьтІател, – иман гьечІесул можоро бахъараб гІадин ккела гьесул иш. 47БетІергьанасул амру-буюрухъги жинда лъалеб букІаго, хІадурго чІун гьеб тІубазабичІев рагьтІателасда цІал гІемер щвела. 48БетІергьанасул амру-буюрухъ лъалеб букІинчІев, амма вухизе кколеб иш гьабурасда цІал дагьаб щвела. ГІемераб кьун букІарасдаса гІемераб тІалабги гьабила, божи цІикІкІун букІарас жавабги цІикІкІун кьезе ккела.

 

«Ракьалда рекъел рещтІинабизе гуро дун вачІун вугев»

 

49Ракьалде цІа рещтІинабизе вачІун вуго дун, гьанжего гьеб цІа рекІун бугебани кигІанха дие бокьилеб букІараб! 50Дица гІор бахине ккола. КигІан кІудияб ургъелха дида чІван бугеб, кидадай гьеб тІубалаян. 51Ракьалде рекъелги босун дун вачІаравиланищ нужеда кколеб бугеб? Гурилан абулеб буго дица, рикьи ккезабизе вачІун вуго дун. 52Гьанжеялдаса нахъе, цо хъизаналда щуго чи вугони, гьезул рикьи кьела: лъабгояв кІигоясда данде вукІина, кІигояв лъабгоясда данде вукІина. 53Гьединабго рикьи ккун, эмен васасда дандечІела, вас инсуда дандечІела; эбел ясалда дандечІела, яс эбелалда дандечІела; якьад нусалда дандечІела, нус якьадалда дандечІела.

 

«Гьанже заман кинаб бугебали щай нужеда лъалареб?»

 

54ГІисаца халкъалде хитІаб гьабун абуна:
– БакътІерхьудасан накІкІул парча баккани, цІцІадае бугилан абула нужеца. Гьеб къоялъ цІцІадги бала. 55Къилбаялъул гьури пуйзе байбихьани, бакъул бухІи цІикІкІинин абула нужеца. БагІарараб бачІуна гьеб къо. 56Ле, гьересишайихзаби, зоб-ракьалъул хиса-басиялда хадур гІунтІула нуж, амма гьанже кинаб заман бугебали щайха нужеда лъалареб? 57Нужедаго щай лъалареб ритІухъаб нухдасан хьвадизе? 58Масала, дурго дагІбадулавгун судалде унев вугони, дове щвелалдего хІаракат бахъе рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе. Гурони, гьес мун судиясухъе вехъерхъила, судияс мун гІеласухъе кьела, гІелас мун гвандиниве рехила. 59Гьале дица дуда абулеб буго: дур ахирисеб шагьи-пара кьун налъи бецІичІого, гвандиниса къватІивеги ворчІиларо мун.

 

13 бетІер

 

«Тавбу гьабичІони, хвалде ина нуж»

 

1Гьебмехалъ ГІисахъе рачІун, цо чагІаз бицана гьесда, ПилатицаГалилеялъул гІадамалги чІванин ва Мукъадасаб Рокъоб гьез къурбаналъе хъураб боцІул биялда гъорлъе гьезул биги жубазабунилан. 2ГІисаца гьезда абуна:
– Жидее гьединаб гІазаб кьурал чагІи Галилеялъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб? 3РукІинчІилан абулеб буго дица нужеда: амма тавбу гьабичІони, нужги гьедин хвалде ина. 4Яги доб Силоамалъул си биххун гъоркье ккун хварав анцІила микьго чи Иерусалималъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб? 5РукІинчІилан абулеб буго дица нужеда: тавбу гьабичІони, нужги гьедин хвалде ина.

 

Инжиралъул гъотІол мисал

 

6Цинги ГІисаца гьезие хабар бицана. Цо чияс ахикь инжиралъул гъветІ чІун букІун буго. ВачІун хал гьабидал гьелда тІад пихъ бижун батун гьечІо. 7Гьес ахихъанасда абун буго: «Гьале лъабабго соналъ вачІунев вуго дун гьаб гъотІохъе. Цониги инжир бижун батичІо гьалда тІад. КъотІун рехе гьаб, ракь гІадада хвезе течІого». 8Ахихъанас абун буго: «Я, бетІерчІахъад! Цо исаналъиялъги жибго те гьеб. Дица гьелъул рохтиялъукь ракьги гьогь гьабила, ракги бала. 9ТІадеялъул бижизе бегьула гьелда тІад пихъ. Нагагь бижичІони, къотІун рехила».

 

ГІисаца сахлъизаюла гьодилъа къуларай цо чІужугІадан

 

10Цо шамат къоялъ синагогаялъув вагІза-насихІат гьабулев вукІана ГІиса. 11КІичІван гьодилъа къуларай цо чІужугІаданги йикІана, тІаде йорхун яхъун чІезего кІоларей. Гьелъул чорхолъ бугеб хъубаб женалъ анцІила микьго соналъ чІезаюн йикІана гьей гьеб гІазабалъукь. 12Гьей йихьидал, аскІое ахІун, ГІисаца гьелда абуна:
– Йо, чІужугІадан! Мун дурго гІузруялдаса хвасарлъана, – ян.
13Цинги гьелда тІад квер бахъана гьес. ГьебсагІатго гьелъул гьод битІун бачІана, Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана гьей. 14ГІисаца шамат къоялъ гьей гІадан сахлъизе гьаюнилан ццин бахъарав синагогаялъул хІакимас гІадамаздехун вуссун абуна:
– Анкьида жаниб анлъго къо буго нилъ хІалтІизе кколеб. Шамат къоялъ рачІинчІого, гьел цогидал къояз рачІа нужго сахлъизаризе.
15Гьебмехалъ гьесие жавабалъе ТІадегІанав ГІисаца абуна:
– Ле, нуж ххвелал гьаризе ругьунлъараб уммат! Нужеда гъорлъ вугевищ русснадаса бичун нужерго оц яги хІама шамат къоялъ гьекъезе бачунарев цониги чи? 16Ибрагьимил умматалъул гьай чІужугІадан анцІила микьго соналъ юхьун чІезаюн йикІана илбисалъ. Жакъа шамат къоялъ дица гьей илбисалъул рухьадаса йичизе бегьулей йикІинчІейищ?
17ГІисаца гьедин абидал, гІадамазда цере инжитлъана дол гьесда дандечІун рукІарал чагІи. Амма халкъин абуни, гьесул киналго хІикматал ишаздаса бохун букІана.

 

Горчицаялъул мугьалъул ва реччеялъул мисалал

 

18ГІисаца гьезда абуна:
– Аллагьасул ПарччахІлъи сунда релълъунеб ва дица гьеб сунда данде кквезе бегьулеб? 19Гьеб релълъуна горчицаялъул хьодул гьитІинаб мугьалда. Инсанас гьеб хьодул мугь ахикь чІана, гьелдасан кІудияб хъарахъ бижана, гьелъул гІаркьалабазул рагІдукь хІанчІаз бусабиги гьаруна.
20Нахъеги гьес абуна:
– Цоги сунда данде кквелеб дица Аллагьасул ПарччахІлъи? 21Гьеб данде кквезе бегьула цо пуланай чІужугІаданалъ ханждал лъабго къалиялда гъорлъе рехараб ва тІубанго гьеб беччизабураб реччеялда.

 

ЧІедераб нуцІил мисал

 

22Шагьаразде ва росабалъе щун, халкъалъе вагІзабиги гьарулаго, Иерусалималдехун валагьун унев вукІана ГІиса.
23Цо чияс гьесда гьикъана:
– Я, БетІерчІахъад! Дагьал чагІи гурони хвасарлъунгутІи битІараб жойищ?
Гьес гьезда абуна:
24– ЧІедераб нуцІихъан жанире лъугьине хІаракат бахъе нужеца. Дица нужеда абулеб буго: гІемераз жигар бахъила гьеб нуцІихъан лъугьине, амма гьезда кІвеларо. 25Вахъун рукъалъул бетІергьанас нуцІа рахарабго, къватІирги чІун, гьеб бухизе ва ахІдезе лъугьина нуж: «Я, бетІерчІахъад! Нижее нуцІа ричІе!» – ян. Гьес нужеда абила: «Дида лъаларо нуж киса-щалали». 26Гьебмехалъ нуж лъугьина гьесда бичІчІизабизе: «Ниж руго дуда цадахъ квана-гьекъарал чагІи, нижер шагьаралъул къватІазда дуца нижее вагІзабиги гьарун рукІана». 27Гьес жаваб кьела нужее: «Дида лъаларо нуж киса-щалали. РикІкІалъе нуж дидаса, ле квешлъи гьабурал киналго гІадамал!» 28Аллагьасул ПарччахІлъиялда Ибрагьимги, ИсхІакъги, Якъубги ва цогидал аварагзабиги нужеда рихьараб ва нужги гьениса къватІире рехараб мехалъ, гІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила нуж. 29Машрикъалдаса ва магърибалдаса, севералъул ва къилбаялъул рахъалдаса рачІина гІадамал ва Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе гІодор чІела. 30Цере рукІаразул цо-цоял нахъе ккела, ва нахъа рукІаразул цо-цоял цере ккела.

 

ГІисаца бицуна Иерусалималъул хІакъалъулъ

 

31Гьеле гьеб заманаялда ГІисахъе цо чанго фарисеяв вачІана, Гьеродие мун чІвазе бокьун бугин, гьаниса вахъун дурго нухда айилан лъазабизе. 32ГІисаца гьезда абуна:
– Инеги ун гьеб царада абе нужеца, жундуз ккуралги унтаралги жакъаги метерги сахлъизарилин дица, цинги сезе дица дирго хІалтІи лъугІизабилин. 33ХІакъикъаталдаги жакъаги, метерги, сезеги дун Иерусалималдехун валагьун инчІого гІоларо. Гьенив гурони авараг чІвазе къотІи гьечІелъул. 34Вай, Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо. 35Балагьея, нужер Хирияб Рукъ чІобого хутІила. Дица нужеда абулеб буго: «БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги», – ян нужеца абизегІан вихьиларо нужеда дун гьанжеялдаса хадув.

 

14 бетІер

 

ГІиса гьоболлъухъ ахІула цо фарисеяс

 

1Цо пуланаб шамат къоялъ ГІиса фарисеязул цо хІакимасухъе гьоболлъухъ ун вукІана. Гьес щиб гьабулебали хал ккун чІун рукІана гьенир. 2Гьесда дандвитІун гІодов чІун вукІана лъадал къвачІа чорхолъ лъугьарав цо чи. 3ГІисаца диниял гІалимзабаздаги фарисеяздаги гьикъана:
Къануналъ изну кьолебищ шамат къоялъ чи сахлъизавизе, яги кьоларебищ?
4Гьел руцІцІун чІана. ГІисаца квер хъван сахлъизавуна гьев унтарав чи ва рокъове витІана. 5ГІисаца гьезда абуна:
– Нужер лъилниги хІама яги оц гъуялъубе бортани, шамат къо бугониги, гьебсагІат къватІибе бахъиларищ нужеца гьеб?
6Гьелда дагІба базе кІвечІо лъиданиги.
7Кванде ахІарал гьалбал сурпаялда нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе церегІан къалел рихьидал, мисал бачун, бицана ГІисаца:
8– Берталъе ахІараб мехалъ, бахІарасда аскІор гІодор чІоге нуж. Щайгурелъул гьенив гІодов чІезе ахІун ватизе бегьула дудасаги гьезие цевесев чи. 9Мунги гьевги гьениве ахІарав бертадул бетІерас дуда аскІове вачІун, абила: «Гьав виччай гьенив гІодов чІезе», – ян. Цинги мунги инжитго вахъине ккела бищун нахъегІан бугеб бакІалда гІодов чІезе. 10ВачІинахъего мун дова бищунго нахъа гІодов чІани, дуда аскІове вачІун бертадул бетІерас абила: «Гьаниве цевегІан вачІа, гьудул», – абун. Берталъ ругезда гьоркьоб дур къадру-къиматги борхила гьебмехалъ. 11Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо.
12Рукъалъул бетІергьанасдаги абуна ГІисаца:
– Гьадинаб квана-гьекъей гьабулеб мехалъ, гьез мунги ахІиялде хьул лъун ва гьеб дуе бецІилилан ракІалде ккун, дурго гьудулзабиги, вацалги, гІагарал чагІиги, бечедал мадугьалзабиги ахІуге дуца кванде. 13Дуца гьоболлъухъ ахІе мискинал, гІажизал, рекъал, бецал гІадамал. 14Гьардарав гурищ мун, гьезда кІоларелъул гьеб дуе бецІизе. Гьеб дуе бецІила муъминзаби хваралъуса рахъинарулеб къиямасеб къоялъ.
15Гьеб рагІидал, гьенир квана-гьекъолел рукІаразул цояс ГІисада абуна:
– Гьардарав гурищ Аллагьасул ПарччахІлъиялда квана-гьекъезе вугев чи.
16ГІисаца гьесие бицана:
– КІудияб гьоболлъи гьабизе цо сордоялъ гІемерал гІадамал кванде ахІанила цо пуланав чияс. 17Квен цебе лъураб мехалъ, гьес жиндирго рагьтІател витІанила гьел гІадамазда кваназе рачІайилан абизе. 18Киназго цо чияс гІадин абунила жидее рачІине щолеб гьечІин, тІасалъугьайилан. Цояс абунила, жинца цо хур бичун босун бугин, гьеб бихьизе ине кколин, тІасалъугьаян гьарулин жинцайилан. 19Цогидас абунила, жинца анцІго оц босун бугин, рекьарулищали гьел рукьалда разе кколин, тІасалъугьаян гьарулин жинцайилан. 20Цогидасги абунила, жинца чІужу ячун йигин, жиндие вачІине щоларилан. 21ТІадвуссун вачІун, рагьтІателас бицанила гьеб киналъулго хІакъалъулъ. Гьебмехалъ, дозда ццинги бахъун, рукъалъул бетІергьанас рагьтІателасда абунила: «Векере, шагьаралъул къватІазде ун, гьенив ватанщинав мискинав, гІажизав, бецав, рекъав чиги вачІун вачІа», – ян. 22ТІадвуссун вачІун рагьтІателас абунила: «Дур амру тІубазабуна, бетІерчІахъад. Амма тІотІода нахъа жеги бакІ хутІун буго», – ян. 23Нахъеги абунила гьес рагьтІателасда: «Дове нухде ун эхеве-эхеде уневщинав чиги вачун вачІа. Дуца гьаб дир рукъ кьабун цІезабе. 24Амма лъан букІа дуда: дол дица гьоболлъухъ ахІун рукІаразул цонигияв кваназе гьечІо дир къавулъ».

 

«Дир муридаллъун лъугьине лъида кІолареб?»

 

25ГІемерал гІадамал рукІана ГІисада цадахъ унел. Гьездехун вуссун, гьес абуна:
26– Жиндирго эбел-инсудехун, лъимал-хъизаналдехун, яцал-вацаздехун, хІатта жиндирго гІумруялдехун рокьукълъи гьечІев чи дида аскІове вачІунев вугони, гьесухъа бажаруларо дир муридлъун вукІине. 27Живго тІад вазе хъанчги баччун дида цадахъ вачІунев гьечІони, гьесухъаги бажаруларо дир муридлъун вукІине. 28Нужеда гьоркьоса цо лъиениги бокьун бугони си базе, гІодовги чІун цин гьес хІисаб гьабиларищ гьеб бан лъугІизабизе гІураб сурсат бугищ жиндирали. 29Гурони – кьучІги лъун, бачІого хутІила гьесул си. Гьебмехалъ гьесда тІад киналго релъанхъила, 30си базе байги бихьун, гьеб лъугІизабизе кІвечІин абун. 31Яги цогидав пачаясда данде рагъде вахъине къачІарав пачаяс, цин гІодовги чІун, пикру гьабизе ккеларищ къоазарго рагъухъан вугеб тушманасул бода данде анцІазарго чи вугеб жиндир бо багъун бажариладаян. 32БажарунгутІи лъайдал, дов тушман рикІкІад вукІаго ритІизе ккола гьес рекъел гьарун жиндирго чапарзаби. 33Гьедин нужеда гьоркьов вугев щивав чиясги жиндирго бугебщиналдаса инкар гьабичІони, гьесдаги кІоларо дир муридлъун вукІине. 34ЦІам лъикІаб жо буго. Амма гьелъул цІамгІаллъи холеб бугони, кин гьеб нахъеги цІамгІаллъизабилеб? 35Я ракь лъугьунаро гьелъул, я хурибе базе рак лъугьунаро. ГІодобе бала гьеб. ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб!

 

15 бетІер

 

Билараб чахъдал мисал

 

1ГІемерал магъало бакІарулел чагІиги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуги рачІунаан ГІисахъ гІенеккизе. 2Фарисеялгидиниял гІалимзабиги ГІисаде гІайиб-гъвелалда рукІана мунагьазул цІурал гІадамал къабул гьарулел ругилан, гьелгун цадахъ квана-гьекъолев вугилан. 3Гьебмехалъ ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана:
4– Нусго чахъу бугеб рехъалъа цо чахъу камун батани, доб ункъоялда анцІила ичІабгоги букІаралъуб тун, гьеб тІагІараб чахъу батизегІан мегІер-гІалах тируларев чи вугищ нужеда гъорлъ? 5Батараб мехалъ вохуца холаго гъежда лъун баччула гьес гьеб рокъобе. 6Цинги гьес, гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьезда абула: «Дида цадахъ роха нужги, дирго билараб чахъу батана дида жакъа», – ян. 7Дица нужеда абулеб буго: гьединго зобалаздаги Аллагьасде вуссарав цо мунапикъ сабаблъун рохел цІикІкІун букІуна тавбу гьабизе кколарев ункъоялда анцІила ичІго муъминчи сабаблъуналдаса.

 

Билараб диргьамалъул мисал

 

8Яги жиндирго анцІго диргьамалъул цояб тІагІун бугони, чирахъги бакун, рокъоб киса-кибего гьеб балагьичІого толей чІужугІадан йикІунищ? 9Батараб мехалъ, жиндирго гьудулзабиги мадугьалзабиги ахІун, гьелъ абила: «Дида цадахъ роха нужги, дир билараб диргьам батун буго», – ян. 10Дица нужеда абулеб буго: гьединго Аллагьасул малаикзабиги рохула Аллагьасде вуссарав цо мунапикъасдаса.

 

ТІагІун вукІарав васасул мисал

 

11Хадубги ГІисаца бицана:
– Цо пуланав чиясул вукІун вуго кІиго вас. 12ГьитІинав васас инсуда абун буго дур ирсалъул жиндие кколеб бутІа кьейилан. Инсуца гьебмехалъ кІиявго васасе ирс бикьун буго. 13Чанго къоялдасан гьитІинав вас, жиндирго бутІаги босун, вахъун ун вуго рикІкІадаб улкаялде. Дова гьев цІакъ пучго, саяхъго хьвадун вуго, кодоб букІанщинаб гІарацги хвезабун буго.
14Гьесухъа кинабго гІарац лъугІараб заманаялда, доб улкаялда кутакаб ракъи тІибитІун буго. Гьав васги кутакалда язихълъун вуго. 15Ахирги доб улкаялъул цо чиясда цеве хІалтІизе лъугьун вуго. Досги гьев болъонал хьихьизе гІалахалде витІун вуго. 16Болъоназе базе кьураб квен кванангІаги чехь цІезабизе хІаракат бахъулеб букІун буго гьес, амма гьебгицин биччалеб букІун гьечІо. 17ГІакълуялде вачІун, гьес пикру гьабун буго: «Дир инсул къавулъги гІемер ругогури хІалтІухъаби? ГІунги тІокІаб чед буго гьезул. Дун гьанив вакъуца холев вуго. 18Вахъун дирго инсуда аскІове ина ва гьесда абила: „Аллагьасда цебеги дуда цебеги дир мунагь ккана, дир эмен. 19ТІокІав дур васлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, дур хІалтІухъанлъун восе“».
20Вахъун ун вуго гьев жиндирго инсухъе. РикІкІадасанго вихьун вуго инсуда гьев вачІунев, гьесда гурхІун вуго эмен. Векерун данде ун, горбода къвал бан, къочарун вуго. 21Васас гьесда абун буго:
– Аллагьасда цебеги дуда цебеги дир мунагь ккана, тІокІав дур васлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун.
22Инсуцайин абуни, жиндирго рагьтІателазда абун буго:
– Бищунго лъикІаб ретІел босун рачІа хехго ва гьасда тІад ретІе, гьасул килщида баргъичги ххе, хІатІазда хьиталги ретІе. 23МачІадалъе хьихьараб бечеги хъве: рохалил тІутІ лъезе бокьун бугин. 24Щайгурелъул гьав дир вас хун вукІана, гьанже чІаголъун вуго, гьав вилун-тІагІун вукІана, гьанже ватун вуго.
Кутакаб рохел-ихтилат гьабизе байбихьун буго гьез.
25Гьев чиясул кІудияв вас хурив вукІун вуго гьебмехалъ. Рокъове вачІунаго, гьесда рагІун руго кочІолги кьурдулги бакънал. 26АскІове ахІун цо рагьтІателасда гьикъун буго гьес гьалъул магІна щибилан. 27Дур вац вачІун вугин, гьев сах-саламат ватиялдаса вохун, дур инсуца мачІадалъе хьихьараб бечеги хъвезабунин бицун буго. 28Гьесул ццин бахъун буго, рокъове жаниве лъугьине къабуллъуларого вукІун вуго. КъватІиве вачІун, гьесие лъикІаб бицине лъугьун вуго эмен. 29Инсуе жавабалъе гьес абун буго:
– Гьалщинал соназ гьале дуе лагълъи гьабулев вуго дун, дуца хъвараб хІуччдаса таричІого. Дуца дие цо бурутІцин кьечІо, ахІун гьудулзабигун квана-гьекъей гьабизе. 30Амма дур букІараб бечелъиги хъахІбабазда цадахъ квана-гьекъон лъугІизабун вачІарав гьав дур васасе дуца мачІадалъе хьихьараб бече хъвезабун буго.
31Инсуца гьесда абун буго:
– Я, дир вас! Мун кидаго дида цадахъ вуго, кинабго дир бугебщинабги дур буго. 32Амма нилъеца рохалил бертин-той гьабизе ккола, гьав дур вац хун вукІун, гьанже чІаголъун вугелъул, вилун-тІагІун вукІун, гьанже ватун вугелъул.

 

16 бетІер

 

Божизе бегьуларев хъулухъчиясул хІакъалъулъ

 

1Жиндирго муридазда ГІисаца бицана:
– Цо бечедав чиясул вукІун вуго гьесул мал-мулкалъул тІалаб гьабун тарав хъулухъчи. 2Жиндир мал-мулк чІунтизабулеб бугин гьесилан рагІидал, аскІове ахІун, гьесда абун буго: «Гьаб лъикІаб гуреб хабар щиб дур хІакъалъулъ дида рагІулеб бугеб? Гьанже дуца хъван кье дихъе тІаде бачІаралъулги харж гьабуралъулги сияхІ. ТІокІалъ дица мун гьеб хъулухъалда толаро», – ян. 3Гьебмехалъ хъулухъчияс жинцаго жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила? Гьанже дун гьас хъулухъалдаса вахъулев вуго. Хур гьанкІизе дида кІоларо, гьардухъ ине дун намуслъула. 4Гьа, дида лъала щиб гьабилебали. Гьес хъулухъалдаса вахъараб мехалъ цогидаз дун жидерго къавулъе вачунеб куц гьабила дица».
5Гьес жиндирго хважаинасул налъулал батІа-батІаго ахІун руго жиндихъего. ТІоцеве ахІарасда гьикъун буго дир хважаинасе дуца кигІан кьезе бугебан. 6Нусго рагІ зайтуналъул нахул кьезе бугилан гьес абидал, бахъун нахъе кьун буго налъи тІад хъвараб кагъат: «Хехго гІодов чІун цІидасан хъвай кІикъоялда анцІго букІанилан». 7Цогидасда гьикъун буго дуца щиб кьезе бугебан. Нусго къали ролъул кьезе бугилан бициндал, гьесдаги абун буго: «Ма гьаб кагъатги нахъе босе, цІидасан хъвай ункъого букІанилан».
8Хадув хважаинас гьев веццулаан, сихІиргони гьабунин гьес гьеб ишилан. Гьедин гьаб дуниялалъул рукъ къачІалел чагІи жалго гІадал гІадамазда гьоркьор гІемерго сихІирал руго, ахираталъул рукъ къачІалездаса.
9Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: дуниялалъул рокъоб хачараб боцІи-рикъзи кьун, нужеца гьанир гьединал гьудулзаби ричун росе, боцІи-рикъзи гьечІого хутІараб мехалъ, абадияб рокъоре нужго къабул гьаризе.
10ГьитІихІинаб божун тезе бегьулев чиясда кІудиялъулги божилъи гьабизе бегьула. ГьитІиналъулъ хІилла-макру гьабурас кІудиялъулъги рекІкІ гьабула. 11Дуниялалъул рокъоб хачараб боцІи-рикъзи божун тезе бегьуларел нужеде абадияб рукъалъул унго-унгояб хазинаялъул божилъи лъица гьабилеб? 12Чияр боцІи божун тезе бегьуларел нужехъе, нужерабгоги лъица кьелеб?
13Лъиданиги кІоларо кІиго бетІергьанасе лагълъи гьабизе. Цояв гьесда рихина, цогидав вокьила. Яги цоясе гьес лагълъи ракІбацІцІадго гьабила, цогидасе тІаса-масаго гьабила. Гьедин нужедаги кІвеларо Аллагьасеги дуниялалъул боцІи-рикъзиялъеги лагълъи гьабизе.

 

ГІисаца фарисеял къватІир чІвазарула

 

14БоцІи-рикъзи хириял фарисеял, ГІисахъги гІенеккун, гьесда тІад релъанхъулел рукІана. 15ГІисаца гьезда абуна:
– ГІадамаз нуж вализабилъун рикІкІуна, амма Аллагьасда лъалебха нужер рекІелъ бугеб жо. ГІадамазда цебе жиб тІадегІанаб, Аллагьасда цебе къабихІаб буго. 16ЯхІяде щвезегІанги букІана диналъул къанун, рукІана аварагзабиги. Гьев вачІун хадуб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунеб буго. Щивас хІаракат бахъулеб буго хІалица гьенире рорчІизе. 17Амма къануналъул цохІо хІарп бортизегІан, зобалги ракьалги тІагІун ина.
18ЧІужуги йиччан тун, цогидай ячаравщинав чи жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна. Росасдаса ятІалъарай гІадан ячарав чиги зиначи ккола.

 

ГІисаца бицуна цо бечедав чиясулги Лазарилги хІакъалъулъ

 

19– Цо бечедав чи вукІун вуго. Гьес ретІунеб букІун буго дарай-зарбал. Щибаб къоялъ гьес гІуцІулеб букІун буго бечедаб квана-гьекъей. 20ТІолабго черхалде чанхъ барав цо Лазар абун гьардухъанги вукІун вуго гьесул кавудул кІалтІа чІарав. 21Бечедав чиясул сурпаялдаса хутІа-кІучараб квен-тІехгІаги щвелародайилан чІун вукІун вуго гьев гьенив. ТІадежоялъеги рекерун рачІун гьабзаз гьесул чанхъаз цІураб черхалда тІад мацІ бахъулеб букІун буго.
22Гьале, хвана гьев пакъир, малаикзабаз гьев Ибрагьим аварагасда аскІове восун ана. Хвана дов бечедав чиги. Гьев хабалъ вукъана. 23Гьале жужахІалъув квешаб гІазабалъулъ вугев гьев бечедав чиясда, берал рорхун валагьидал, рикІкІадасан вихьана Ибрагьим аварагги гьесда аскІов дов Лазарги.
24Бечедав чияс ахІана: «Я, нижер эмен Ибрагьим! ГурхІа мун дида! Гьаб цІадулъ вежулев вугин дун, дир мацІалда реччел хъвазегІаги, лъадалъ килищги ччун, витІе гьев Лазар».
25Ибрагьимица гьесда абуна: «Я, дир вас, дуца ракІалде щвезабе: дуниялалъул рокъоб дуе кинабго лъикІабщинаб щвана, Лазариейин абуни гьениб кинабго квешабщинаб щвана. Гьанже гьанив Лазар хІалхьун вуго, мун гІазабалъулъ вуго. 26Гьав духъе кин витІилев, нилъеда гьоркьоб кІудияб кІкІал лъугьун бугелъул. Гьединлъидал гьаниса гьенирехун рачІине бокьаразе нух гьечІо ва гьениса гьанирехун рачІинеги бажаруларо».
27Нахъеги дов чияс гьарун буго: «Гьедин батани, дир эмен, дуца Лазар витІе дир инсул рокъове. 28Дова дир щуго вац вуго. Дозда цІодорго рукІаян абизе витІе. Гурони – гьелги рачІина гьаб гІазабалъул рокъоре».
29Ибрагьимица абун буго: «Дозие Мусаги цогидал аварагзабиги руго. Гьезухъ гІенеккеян абе».
30Дов бечедав чияс абун буго: «Я, дир эмен Ибрагьим, гІенеккуларо гьел! Амма цогІаги хварав чи дуниялалде тІадвуссун вачІани – кантІила, Аллагьасде руссина».
31Гьебмехалъ Ибрагьимица абун буго гьесда: «Мусахъги цогидал аварагзабазухъги гІенеккуларел чагІи хваралъуса вахъун вачІарав чиясдаги божиларо», – ян.

 

17 бетІер

 

ГІисал цо-цо гІакълаби

 

1Жиндирго муридазда ГІисаца абуна:
– Инсан мунагьалъукье ккезавулеб жо дуниялалда лъугьинчІого букІунаро, амма кІудияб балагьги гІазабги – гьеб босун вачІарав чиясе. 2Дида божулезда гьоркьоса цониги лъимер гІадинав пулан мунагьалде цІазегІан, гьесие лъикІаб букІинаан, гьобоги горбода бухьун, ралъдалъе рехани.
3Ворегиха, нуж гьелдаса цІуне. Вацас дуе квешлъи гьабуни, гьесие бадибчІвай гьабе. Гьев рекІекълъани, тІасалъугьун те. 4Къода жаниб анкьго нухалъ гьес дуе квешлъи гьабуниги, анкьабго нухалъ духъе вачІун, гьес жив рекІекълъанилан абуни, – тІасалъугьа гьесдаса.
5Гьебмехалъ чапарзабаз ТІадегІанав ГІисада абуна:
– Нижер рекІелъ божи цІикІкІинабе, – ян.
6ТІадегІанав ГІисаца абуна:
– Горчицаялъул хьодул мугьгІанасеб божигун нужеца гьаб инжиралъул гъотІода абуни, кьолболъа бахъун ун доба ралъдал бакьулъ чІаян, нужер амру гьелъ тІубазабилаан.
7Нужер цонигиясул цо лагъ вугилан те. Гьев векьарун свакан хуриса яги рохьдодаса вачІун вугони, хехго кваназе гІодов чІаян абулищ гьесда? 8Гьелъул гІаксалда, гьесда абуларищ хехго квен гьабеян ва дун квана-гьекъон вахъинегІан дие хъулухъалъе чІаян, цинги мунгоги квана-гьекъеян? 9Гьеб амру тІубазабуралъухъ лагъасе баркала кьолебищ? 10Гьедин гьабула нужецаги: нужее амру гьабурабщинаб тІубазабун хадуб, нужеца абула ниж ругин пайда гьечІел лагъзал, нижеда абураб гурони гьабичІин нижецаян.

 

ГІисаца вацІцІад гьавула барасалъ унтарав анцІго чи

 

11Иерусалималдехун валагьун СамариялъулгиГалилеялъулги гІорхъудасан унев вукІана ГІиса.
12Цо росулъе щолаго, гьесда дандеккана барасалъ унтарав анцІго чи. РикІкІадегІан чІун, 13гьез ахІулеб букІана:
– Я, ГІиса! НасихІатчи! ГурхІа нижеда! – ян.
14Гьел рихьараб мехалъ, ГІисаца абуна:
– Рахъа нуж гьанже кашишзабазухъе а ва нужго рацІцІалъун рукІин бихьизабе.
Гьениса унаго гьезул чурхдул барасалдаса рацІцІалъана. 15Живго сахлъун вукІин бихьун, гьезул цояв, ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабулаго, тІадвуссун вачІана. 16Цинги, ГІисал хІатІазда цеве накалдаги чІун, гьесие баркала кьуна. Гьевни Самариялдаса чи вукІана. 17ГІисаца гьесда абуна:
– Нужер анцІавго сахлъичІевищ? Дов ичІавго кивеха арав? 18Унго, гьав чияр чиясда гурони, дир ракьалдаса цониги чиясда ракІалде ккечІебищха Аллагьасе рецц гьабизе?
19Цинги гьесда абуна:
– Вахъа тІаде, а гьанже, дурго божи-иманалъ хвасар гьавунин мун.

 

«Аллагьасул ПарччахІлъи кида букІине бугеб?»

 

20Аллагьасул ПарччахІлъи кида букІине бугебилан фарисеяз гьикъидал, ГІисаца абуна:
21– Аллагьасул ПарччахІлъи гІадамазда бихьичІого бачІина. Лъицаниги абиларо гьеб гьале гьаниб бугилан, яги доле доба бугилан. Гьале гьаниб нужелъин бугеб Аллагьасул ПарччахІлъи.
22Гьес жиндирго муридазда абуна:
ГІадамил Лъимер нужеда цадахъ вугеб цо къогІаги бихьизе нуж гІащикълъараб заман бачІина. Амма нужеда гьев вихьиларо. 23Нужеда абила гьале гьанив вугин, яги дова вугилан. ГІенеккуге гьезухъ, унге гьезда хадур. 24Зобалазул цояб рахъалдаса цоги рахъалде паркъун унеб пири гІадин вукІина ГІадамил Лъимер, гьев вачІараб къоялъ. 25Амма цин гьес гІемераб гІазаб хІехьезе ккезе буго, ва гьаб умматалъ гьесдаса инкар гьабизе буго.
26НухІ аварагасул заманаялъ ккараб гІадаб иш ккезе буго ГІадамил Лъимадул заманаялъги. 27Квана-гьекъолел рукІана, лъудби рачунел, россабазе унел рукІана гІадамал НухІ гамида жаниве лъугьинегІан. Цинги тІупан тІуна ва тІолабго махлукъат лъадалъ гъанкъана.
28Гьебго жо ккана ЛутІ аварагасул заманаялъги. Кваналел, гьекъолел, бичулел, хисулел, хурзал рекьулел, минаби ралел рукІана гІадамал ЛутІ авараг Содом шагьаралдаса къватІиве лъугьинегІан. 29Цинги цІадулги чІабтІилги цІад бана зодисан, ва киналго хвана. 30Гьедин букІине буго ГІадамил Лъимер загьирлъараб мехалъги.
31Гьеб къоялъ тІохда вугев чи жиндирго къайи-къоноялда хадув гъоркье рещтІунгеян абе, хурив вугевги рокъоб хутІаралда хадув тІадвуссунгеян абе. 32ЛутІ аварагасул чІужуялъул ккараб иш ракІалда чІезабе[12]. 33Жиндирго гІумру цІунизеян лъугьарав чи гьелдаса махІрумлъила; жиндирго гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила. 34Дица абулеб буго нужеда: гьеб сордоялъ цо боснор регун ругел кІигоязул цояв вачина, цогидав хутІила. 35ГІатІ ххенолей йигей кІиго чІужугІаданалъул цояй ячина, цогидай хутІила.
36-37Муридаз ГІисада гьикъана:
– Я, БетІерчІахъад! Киб гьеб букІине бугеб? – ан.
Гьес жаваб гьабуна:
– Жаназа бугеб бакІалде чудкал ракІарула, – ян.

 

18 бетІер

 

Къоролалъулги къадиясулги мисал

 

1Цинги ГІисаца жиндирго муридазда, мисал бачун, бицана Аллагьасда гьардезе ккеялъул ва хьул къотІизе бегьунгутІиялъул хІакъалъулъ хабар.
2– Цо шагьаралда вукІун вуго Аллагьасукьаги хІинкъуларев гІадамазукьаги нечоларев цо къади. 3Гьебго шагьаралда йикІун йиго цо къоролайги. Гьей щибаб къойил ячІуней йикІун йиго гьев къадиясухъе цо пуланав жиндир дагІбадуласдаса жий цІунеян. 4Амма къади гІемераб мехалъ разилъун гьечІо. Ахирги цо къоялъ гьес пикру гьабун буго: «Я Аллагьасукьа хІинкъуларо дун, я гІадамазукьа нечоларо. 5Амма гьадай къоролалъ дие рахІат толеб гьечІелъул, дица гьелъул къваригІел тІубан лъикІ, гурони – гьелъ, нахъаса къотІичІого гьание хьвадун, дир бетІер сверизабила».
6Бихьулищ Аллагь рикІкІунарев къадиясулгицин ккараб пикру? – ян абуна ГІисаца гьезда. – 7Къасиги къадги жиндир цІобалде хьул лъун, гьари-дугІаялда жинде ахІделел ругел тІаса рищарал лагъзал Аллагьасги цІуниларищ? Гьезул мурад тІубазабизе кватІилищ гьев? 8Дица нужеда абулеб буго: гьес гьел хеккого цІунила. Амма ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, божи-иман батиладай гьесда гьаб ракьалда?

 

Магъало бакІарулев чиясулги фарисеясулги мисал

 

9Цоги ГІисаца, мисал бачун, бицана жалго вализабийиланги чІун, цогидал къабихІ гьарулел цо-цо гІадамазул хІакъалъулъ гьадинаб хабар:
10– Аллагьасе дугІаялъе Мукъадасаб Рокъове лъугьун вуго кІиго чи: магъало бакІарулев чиги фарисеявги. 11Жиндирго бакІалда вахъун чІун, фарисеяс рекІелъ дугІа гьабун буго: «Я, дир Аллагь! Дуе рецц буго дун цогидазда релълъарав вижичІелъул; хъачагъазда, макручагІазда, зиначагІазда, хІатта гьав магъало бакІарулев чиясда релълъарав гьечІелъул. 12Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола». 13Магъало бакІарулев чийин абуни дова нахъегІан чІун вукІун вуго, берал зодихъе руссинаризецин намуслъун. Амма, керенги бухулаго, абулеб букІун буго гьес: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цІурав дида гурхІа!» – абун. 14Дица нужеда абулеб буго: дов фарисеясда данде ккуни, гьев магъало бакІарулев чи Аллагьасда цеве цІикІкІунго вацІцІалъун тІадвуссана жиндирго рокъове. Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, живго гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо.

 

ГІисахъе лъимал рачун рачІуна

 

15ГІисинал лъималги рачун рачІунаан ГІисахъе, гьезда тІад квер бахъеян гьарун. Муридазда гьеб бихьидал, гьез гьел риччалел рукІинчІо. 16Амма ГІисаца, лъималги аскІоре ахІун, муридазда абуна:
– Риччанте лъимал дихъе рачІине, гьезие квекІен гьабуге. Гьединазейин Аллагьасул ПарччахІлъи щун бугеб! 17ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъи лъимаца гІадин къабул гьабичІев чиясе гьенибе нух гьечІо.

 

Аллагьасул ПарччахІлъиги инсанасул бечелъиги

 

18Цо кІудияв хІакимас ГІисада гьикъана:
– Я, лъикІав МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвеялъе щиб дица гьабизе кколеб?
19ГІисаца гьесда абуна:
– Щай дуца дида лъикІавилан абулеб? Щивниги лъикІав вукІунаро, цохІо Аллагь гурони! 20Дуда лъалагури Аллагьасул амруял: «зина гьабуге», «чи чІваге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге», «эбел-инсул адаб-хъатир гьабе».
21Гьес ГІисада абуна:
– ГІолохъанаб мехалдасаго тІуразарулел руго дица гьел амруял.
22ГІисаца абуна:
– Цо жо буго дуе камун. Дурго бугеб кинабго боцІи-рикъзи биче ва мискин-пакъирасе садакъаде кье, гьелъухъ дуе насиблъила зобалазул хазина. Цинги дихъе вачІа, дида цадахъ вилълъине.
23Гьеб рагІидал, дов чи цІакъ пашманлъана. Гьев вукІун вуго кутакалда бечедав чи. 24Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна:
– Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъулеб куц! 25РукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса.
26Гьесухъ гІенеккун рукІараз гьикъана ГІисада:
– Гьедин батани, хвасарлъизе кІолев чигІаги щивдайха?
27Гьес жаваб кьуна:
– Инсанасда кІоларебги Аллагьасда кІола, – ян.
28Пётрица абуна:
– Гьале нижерго бугебщинабги рехун тун, ниж дуда хадур рилълъана...
29ГІисаца гьезда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул ПарччахІлъиялъе гІоло мина-рукъги, лъимал-хъизанги, вацал-яцалги, эбел-эменги рехун тарав цониги чи хутІизе гьечІо, 30гьелъухъ гьаб заманаялда гІемерго цІикІкІараб шапакъат щвечІого, ва ахираталъул рокъоб абадияб гІумру насиблъичІого.

 

ГІазаб-гІакъубаялъул хІакъалъулъ – лъабабизеги

 

31Жиндирго анцІила кІиявго муридги аскІове ахІун, ГІисаца абуна:
– Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. ГІадамил Лъимадул хІакъалъулъ цебеккунго Аллагьас аварагзабазда лъазабун букІараб хІукму тІубала гьениб. 32Гьев цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела, гьезги инжит-хІакъир гьавила, тІаде тударила, 33вухила-кьабила, цинги чІвала ва хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъила.
34Амма гьезда щибниги бичІчІичІо. Гьел рагІабазул магІна босизе бажаричІо гьезухъа. Сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали лъачІо гьезда.

 

Иерихоналде щолаго, ГІисаца цо бецав чи сахлъизавула

 

35Иерихон шагьаралде щолаго, цо бецав чи ватана нухлул ракьанда кІусун гьарделев. 36ГІадамазул руккел аскІосан унеб рагІидал, щиб ккарабилан гьикъана гьес. 37Гьесда бицана Назареталдаса ГІиса вугин гьанисан вачІунев. 38Гьебмехалъ гьардухъан ахІдана:
– Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида!
39Гьесда цересан унел гІадамазе бокьун букІана гьардухъан вуцІцІун чІезавизе. Амма гьес дагьабги гьаракь борхун ахІана:
– Я, Давудил вас! ГурхІа дида! – ян.
40Гьенив лъалхъун, ГІисаца абуна гьев жинда аскІове вачеян.
41– Дица щиб гьабизе дуе бокьун бугеб? – абун гьикъана гьесда ГІисаца.
Дос абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Беразда нахъеги канлъи бихьизе бокьун буго!
42ГІисаца гьесда абуна:
– Валагье гьанже! Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун.
43ГьебсагІат канлъи бихьун, ГІисада цадахъ вилълъана гьев, Аллагьасе реццги гьабулаго. Гьеб бихьун, киналго гІадамалги Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана.

 

19 бетІер

 

ГІиса Закайихъе гьоболлъухъ уна

 

1Иерихон шагьаралда жанисан унев вукІана ГІиса. 2Магъало бакІарулел чагІазул бетІерлъун тІамурав Закай абулев цо бечедав чи вукІана. 3Гьесул гъира букІана ГІиса кинав чи вугевали лъазе, гьев вихьизе. Амма халкъалъул руккалида гъорлъ ГІиса вихьизе бажарулеб букІинчІо, – къокъав чи вукІана Закай. 4ЦевегІанги векерун цо инжиралъул гъотІотІе вахана гьев: гьенисан ине кколаан ГІиса. 5Гьеб гъотІокье щведал, ГІиса эхеде валагьана ва Закайида абуна:
– Закай, хехго рокъове а: жакъа дун духъ гьоболлъухъ рещтІине ккола.
6Хехго гъотІодаса гъоркьеги лъугьун, вохуца холаго къабул гьавуна гьес ГІиса. 7Гьеб бихьун киналго зурзудизе лъугьана мунагьазул цІурав чиясул бакІалде анин гьев гьоболлъухъилан.
8Вахъун Закайица ТІадегІанав ГІисада абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Гьале дирго бечелъиялъул бащдаб дица мискин-пакъирасе садакъаде кьела ва, дица гуккарав чи ватани, гьебги ункъиде бахинабун бецІила.
9ГІисаца гьебмехалъ абуна:
– Жакъа гьаб рокъобе хвасарлъи бачІана, гьавги Ибрагьимил вас вугелъул. 10Рилун ругелазда хадув, гьел ралагьизейин ва гьел хвасар гьаризегийин, вачІун вугев ГІадамил Лъимер.

 

Меседил гъурщазул мисал

 

11Гьес рицунел харбазухъ гІенеккун рукІарал гІадамазе цоги мисал бачана ГІисаца. Гьев Иерусалималде щолев вукІиндал ва гьел Аллагьасул ПарччахІлъи хеккого бачІинилан божун рукІиндал, 12гьес бицана:
– ЛъикІаб наслу-тухумалъул цо пуланав чи чияр улкаялде ун вуго гьенив ханлъун чІезе, цинги нахъвуссун жиндирго халкъалъулги ханлъун лъугьине. 13Жиндирго анцІго рагьтІателги ахІун, щивасухъе цо-цо меседил гъурущ кьун буго, жив тІадвуссинегІан гьеб жиндие пайда-хайиралъе хІалтІизабеянги абун. 14Амма жиндирго улкаялъул гІадамазе гьев вокьулев вукІун гьечІо. Гьесда хадурго чапарзаби ритІун руго гьез доб улкаялде, гьев чи жидер ханлъун вукІине жал рази гьечІилан лъазабизе.
15Доб улкаялда ханлъиги щун тІадвуссараб мехалъ, гьес амру гьабун буго жинцаго месед кьурал дол рагьтІателал ахІейилан, лъица кигІанасеб пайда-хайир доб меседалдаса жиндие щвезабун бугебали лъазе.
16ВачІун цо рагьтІателас абунила: «Я, бетІерчІахъад, дуца кьураб меседалдаса анцІго месед хайирлъана», – ян. 17«ГьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе кІудияб ритІухълъи бихьизабуна, дир лъикІав рагьтІател. АнцІго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго дица мун», – ан абун буго ханас гьесда.
18ВачІун цогидав рагьтІателас абун буго: «Я, бетІерчІахъад, доб цо меседалдаса щуго месед хайирлъана», – ян. 19Гьесдаги ханас абун буго: «Мунги дица щуго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго», – ян.
20ВачІун лъабабилев рагьтІателас абун буго: «Я, бетІерчІахъад, гьале дур месед. КвербацІцІалда гьоркьоб лъун цІунун букІана дица гьаб. 21Дуцаго лъечІеб бакІалдаса босулев, дуцаго бекьичІеб лъилъулев кьварарав чи мун вугелъул, хІинкъана дун гьелда хъвазе». 22«ГІай, макирав рагьтІател! Гьел дуца абурал рагІаби сабаблъун тамихІ гьабулеб буго дица дуе. Дуда лъалеб букІун бугоха дицаго лъечІеб бакІалдаса босулев, дицаго бекьичІеб лъилъулев кьварарав чи дун вукІин. 23Щай дуца дир месед хайиралъе хІалтІизабичІеб, жакъа тІадвуссараб мехалъ хайиргун цадахъ нахъе щвелаангури гьеб дихъе?» – ян абун буго ханас гьесда. 24АскІор рукІараздаги абун буго ханас, гьесухъаги босун, гъоб месед анцІго месед бугесухъе кьейилан.
25Гьез гьесда абун буго: «Я, бетІерчІахъад, гъосухъ гьадинги анцІго месед бугогури», – ян. 26«Дица нужеда абулеб буго: кодолъи бугевщинасе кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. 27Дун жидер ханлъун ккезе бокьун букІинчІел дол дир тушбабийин абуни, гьанире дида цереги рачун, чІвай!»
28Гьеб хабарги бицун, ГІиса Иерусалималдехун валагьун ана.

 

ГІиса Иерусалим шагьаралде лъугьунев вуго

 

29Зайтуналъул магІарда аскІор ругел Бетфагиялде ва Бетаниялде гІагарлъидал, кІиго муридги аскІове ахІун, ГІисаца гьезда абуна:
30– Гьудуб нилъеда цебе бугеб росулъе а нуж. Росулъе лъугьаралго, цо бакІалда бухьун батила жеги чи тІад рекІинчІеб кІудияб кІерт. Рухьадасаги бичун, гьебги бачун рачІа. 31Щай гьеб бачунебан абулев чи ккани, ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугин абе.
32Гьедин ритІун аразда, ГІисаца абухъе, гьениб батана кІудияб кІерт. 33Гьеб рухьадаса бичулеб бихьараб мехалъ, гьелъул бетІергьабаз гьазда гьикъана щай гьеб бичулеб бугебилан. 34ТІадегІанав ГІисае къваригІун бугилан жаваб кьуна гьаз.
35КІерт ГІисахъе бачун бачІана. Гьелъул гьодиде рехана жидерго партал ва гьез гьев кІартида рекІинавуна. 36Гьев унеб нухда, тІаса бахъун, жидерго ретІел тІибитІулеб букІана гІадамаз. 37Зайтуналъул магІардаса гІодоре лъугьунеб бакІалде гІагарлъидал, цадахъ рукІарал тІолалго муридал роха-хинлъун ва ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана, гьес рихьизарурал мугІжизатазухъ. 38Гьез турки ахІулеб букІана:
– БетІергьанас витІун вачІарав ПарччахІасда баркат лъеги!
Зобалазда рекъел букІаги!
ТІадегІанав Аллагьасе рецц!
39Халкъалъул руккалилъ рукІарал цо-цо фарисеяз абуна ГІисада:
– Я, НасихІатчи! РуцІцІун чІезаре гьал дурго муридал!
40ГІисаца гьезие жаваб кьуна:
– Дица нужеда абулеб буго: гьел руцІцІун чІани, ганчІал ахІдела.

 

ГІисаца Иерусалималъухъ магІу гьабула

 

41Иерусалим бихьулеб бакІалде щведал, гІодана ГІиса. Шагьаралъухъ магІу гьабун, 42гьес абуна:
– Жакъа, гьаб къоялъгІаги,
лъалебаниха дуда
дур саламалъиялъе
щиб къваригІунебали!
Гьанжего дур беразда
гьеб бихьизе рес гьечІо.
43Дуде цо къо бачІина,
чІахІиял хъулбиги ран,
тушбабаз кисанго мун
данде къан сверун ккураб.
44Ракь лъугьинабила дур
Ва дур гІадамазулги.
ГанчІида лъураб гамачІ
хутІиларо кибниги.
Щайгурелъул Аллагьас
Дуй хвасарлъи битІараб
Заман дуда лъачІелъул.

 

ГІисаца даранчагІи Мукъадасаб Рокъоса къватІире гъола

 

45Цинги Мукъадасаб Рокъове жаниве лъугьун, гьенир ричарулел рукІаралги босулел рукІаралги гІадамал къватІире гъезе лъугьана ГІиса. 46Гьес гьезда абуна:
– ТІехьалда хъван буго: «Гьаб Дир рукъалда цІар букІине буго как-диналъул рукъ» абун. Нужецайин абуни гьаб хъачагъазул нохъоялде сверизабун буго.
47ГІисаца щибаб къойил гьеб Мукъадасаб Рокъоб гІадамазе вагІза гьабулеб букІана. ЧІахІиял кашишзабаз, диниял гІалимзабаз ва чІухІби-хІакимзабаз хІаракат бахъулеб букІана гьев тІагІинавизе рес ккелародайилан. 48Гьезда гьабизе кІолеб жоги букІинчІо, тІолабго халкъ ГІисада сверухъ гъункун, гьесухъ гІенеккун букІиндал.

 

20 бетІер

 

«Лъица дуе ихтияр кьураб?»

 

1Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулев, Рохалил хабар бицунев ГІиса вугеб мехалъ, гьенире рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. 2Гьез гьесда гьикъана:
– Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? – абун.
3ГІисаца гьезда абуна:
– Дицаги кьела нужее цо суал. Бице: 4лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ?
5Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес абила гури, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан. 6ГІадамаздасан букІанин абуни, тІолабго халкъалъ ганчІица чІвала нилъ, ЯхІя гьез авараглъун рикІкІунев вугелъул». 7Кисан гьеб ихтияр букІарабали жидеда лъаларилан кьуна гьез жаваб.
8ГІисаца гьездаги абуна:
– Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун гьаб иш гьабулеб бугебали.

 

ЦІолбол ах ижараялъе кьун тарасул хІакъалъулъ

 

9Цинги гьес, халкъалдехун вуссун, мисал бачун, гьадинаб хабар бицине байбихьана:
– Цо чияс цІолбол ах гьабун буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев чи къватІиве ун вуго ва гІемераб заманаялъ гьенив чІун вуго. 10ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе цо рагьтІател витІун вуго жиндие кколеб бутІа кьейин абейилан. Доз гьев рагьтІател вухун вуго ва чІового нахъе хъамун вуго. 11Цоги рагьтІател витІун вуго дос. Вухун-кьабун, инжит гьавун доз гьевги чІового нахъе хъамун вуго. 12Лъабабилевги витІун вуго дос. Доз гьев лъукъ-лъукъун къватІиве рехун вуго. 13Щибдай дица гьабилебилан ракІалде ккун буго ахил бетІергьанасда. «Дица гьезухъе витІила дирго вокьулев вас. ГьесулгІаги хІурмат гьабилеб батила доз». 14Гьев вихьараб мехалъ, дол ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав, рачІа гьав чІвазе, – ирсги нилъеего хутІизе». 15Ахикьа къватІивеги рехун, чІван вуго доз гьев вас. Гьанже гьел ижарачагІазе щибдай гьабила ахил бетІергьанас? 16ВачІинеги вачІун, чІвала гьес гьел, ахги цогидазухъе кьела.
Харбихъ гІенеккараз абуна Аллагьас цІунагийилан.
17– Гьедин батани, – ян гьикъана ГІисаца, гьезухъги валагьун, – ТІехьалда хъван бугеб гьадинаб калимаялъул магІна щибали лъалищ нужеда: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго»? 18Гьеб ганчІиде вортаравщинавги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго.
19Диниял гІалимзабазе ва чІахІиял кашишзабазе бокьун букІана, гьебсагІатго кквезеги ккун, ГІиса жанив тІамизе, амма халкъалъукьа хІинкъун тана. Гьеб мисал ГІисаца жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана гьезда.

 

Къайсарасе магъало кьеялъул хІакъалъулъ

 

20Цинги ГІисада хадуб хал кквезе лъугьана гьел ва жасусал ритІана, жалго рацІцІадал чагІи ругеб ххвел гьабун, ГІисал кІал таризабизе кІоларищали хІалбихьеян. Ккун вачун сардарасда кодове кьун, гьес ГІисае тамихІ гьабизе гІураб гІайиб-хатІа балагьизе бокьун букІиндалха гьезие. 21Гьел жасусаз ГІисада гьикъана:
– Я, МугІалим! Нижеда лъала дур рагІиги вагІзаги ритІухъаб букІин. Гьурмахъ балагьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо, Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. 22Бице нижеда, къануналда рекъон, къайсарасе магъало кьезе бегьулебищ нижеца яги бегьуларебищ?
23Гьезул хІилла-макру бичІчІун, ГІисаца абуна:
24Цо динар бихьея дида. Лъил суратги хъвай-хъвагІайги гьалда бугеб?
Къайсарасул бугилан абуна гьез.
25– Гьедин батани, къайсарасулаб къайсарасе кье, Аллагьасулаб Аллагьасе кье, – ян абуна ГІисаца гьезда.
26Гьедин жасусазухъаги бажаричІо гІадамал ругеб бакІалда ГІисахъа рагІи бахъизе. Гьесул жавабалъ хІикмалъизарун, руцІцІун чІана гьел.

 

Хварал тІаде рахъинариялъул хІакъалъулъ

 

27Цинги ГІисахъе рачІана къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъине рукІиналде инкар ккун чІарал саддукеял абулел гІадамал. Гьез ГІисада абуна:
28– Я, МугІалим! Мусаца нилъее бихьизабун буго: цо пуланав чиясул вац хвани, гьесдасан лъимерги нахъе хутІичІони, гьесул вацас яче абе жиндирго хварав вацасул лъади, дов хварав вацасул наслу къинчІого букІине.
29Масала, анкьго вац вукІун вуго. ЧІужу ячун хадув, лъимер гьабилалдего хун вуго кІудияв вац. 30Гьесул чІужу ячун йиго хадусев вацас, гьевги хун вуго. 31Лъабабилевги хун вуго. Гьедин цо-цоккун хун, анкьавго вацасул рижи лъугьун гьечІо. 32Ахиралда хун йиго гьезул йикІарай чІужуги. 33ХІасил, гьей анкьго росасул лъадилъун йикІарай гІадан къиямасеб къоялъ лъил чІужулъун йикІине йигей?
Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна:
34– Дуниялалъул рукъалъул бихьиназ лъудбиги рачуна, руччаби россабазеги уна. 35Амма къиямасеб къоялъ тІаде рахъун ахираталъул рукъалъе мустахІикълъаразул я лъудби, я росал рукІине гьечІо. 36ТІокІалъ хвезеги холаро гьел, малаикзабазда бащалъулелъул гьел ва хваралъуса гьес чІаголъизарурал Аллагьасул лъималлъунги кколелъул. 37ЦІа рекІун бугониги, бухІунго лъугІулареб хъархъилъан жинда рагІанин: «Дун вуго Ибрагьимил Аллагь, ИсхІакъил Аллагь, Якъубил Аллагь!» – абун БетІергьанас ахІулеб гьаракьилан бицунеб бакІалда, Мусацаги бихьизабулеб буго хварал чІаголъизе ругилан. 38Аллагь – гьев хваразул Аллагь гуро, чІагоязул Аллагь вуго, гьесие киналгоги чІагоял ругелъул.
39Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз абуна:
– Я, МугІалим! ЦІакъ лъикІ абуна дуца, – ян. 40ТІокІаб лъилниги бахІарчилъи гІечІо ГІисада щибниги гьикъизе.

 

«Давудил вас гуро МасихІ»

 

41Гьес гьезда абуна:
Давудил вас вугин МасихІилан щай абулеб? 42Туркабазул Хирияб ТІехьалда (Забуралда) Давудица жинцаго абулеб бугогури: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, 43дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». 44Гьедин Давудица жинцаго гьесде жиндир БетІергьанилан абулеб бугони, Давудил вас кин гьев кколев?

 

«Диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж!»

 

45ТІолабго халкъалда рагІиледухъ абуна ГІисаца жиндирго муридазда:
46– Воре, гьал диниял гІалимзабаздаса цІунун чІа нуж. Гьезие бокьула халатал гІабабиги ретІун хьвадизе, базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе, синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе ва гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе. 47Росал хун хутІарал къоролзабазул боцІи-рикъзи кванала гьез ва рихьдаего халатал дугІаби гьарула. Гьеб кинабго цІикІкІун гьабунагІан гІасияб букІине буго гьезие тамихІ.

 

21 бетІер

 

Къоролалъул садакъаялъул хІакъалъулъ

 

1Мукъадасаб Рокъоб садакъаде гІарац лъолеб бакІалде бечедал чагІаз гІемераб гІарац рехулеб бихьана ГІисада. 2Бащдаб капекалъул багьаяб кІиго пахьул гІарац гьенибе рехулей цо мискинай къоролайги йихьана гьесда. 3ГІисаца абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьай мискинай къоролалъ киназдасаго цІикІкІун гІарац кьуна садакъаде. 4Цогидаз садакъа гьабуна жидерго боцІи-рикъзи тІокІлъун, долъин абуни, жиндиего хІажат букІаниги, садакъаде кьуна жиндирго бетІербахъиялъе хутІун букІарабщинаб.

 

ГІисаца бицуна дуниялалда ккезе бугелъул

 

5Мукъадасаб Рукъалъул хІакъалъулъ цо-цояз абулеб букІана, унго, гьалъул къадазулъ лъун ругел ганчІазул берцинлъи бихьуларищилан, бечедал сайигъатаз гьаб чІухІизабун бугеб куцилан. ГІисаца абуна:
6– Гьаб кинабго нужеда бихьулебщинаб, ганчІида лъураб гамачІ хутІичІого, кІалагъоркье чІварал къоял рачІине руго.
7– Я, МугІалим! Кида гьеб букІине бугеб? – ан гьикъана гьез гьесда. – Гьеб къо тІаде щвеялъул гІаламат бице нижеда.
8ГІисаца абуна:
– Воре, къосинаризе гурин нуж! Чанги вукІине вугелъулха, жив дун вугилан ва ахирзаман щванилан абун вачІунев чи. Гьезда хадур унге нуж. 9Рагъ-кьалги тунка-гІусиги гІемерлъун бугилан рагІани, гьелдасаги хІинкъуге нуж. Гьеб цебеккунго лъугьине ккола, амма ахирзаман гьедигІан хехго тІаде щоларо.
10Цинги гьес абуна:
– Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила. 11Кутакалда ракь багъарила, бакІ-бакІалда унта-щокълъи баккила, ракъи тІаде щвела, балагьал рещтІина ва зобалаздасан чІахІиял гІаламатал загьирлъила.
12Гьеб кинабго ккелалде, дун сабаблъун нужеда хадур лъугьина, кквезеги ккун, синагогабазде рачина, суд гьабила, гвандинире рехила, парччахІзабазда ва наибзабазда цере чІезарила. 13Гьебмехалъ рес ккела нужее, дир муридал ругилан нугІлъи гьабизе. 14Кин гьезие жаваб кьелебали цебеккунго ургъел чІвазе кколареблъиялда ракІчІезабе нужеца. 15Щаян абуни, нужеда дандечІезе ва данде кІалъазе нужер киналго дагІбадулазухъа бажарулареб пасихІлъиги гІакъиллъиги кьела дица нужее. 16Нужее хилиплъила хІатта нужер эбел-эмен ва вацал, нужер гІагарал чагІи ва гьудулзаби. Цо-цоял чІвазеги чІвала нужер. 17Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. 18Амма нужер бутІруздаса цо расги бортизе гьечІебха. 19Нужерго сабруялдалъун нужерго рухІал хвасар гьаре.
20Боял рачІун, Иерусалим сверун ккун бихьараб мехалъ, лъала нужеда гьеб шагьар чІунтулеб заман гІагарлъулеб букІин. 21Гьеле гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругел гІадамал. Шагьаралда жанир ругелал гьениса къватІире тІурун аян абе, шагьаралдаса къватІирехун ругелал жанирего лъугьунгеян абе. 22Щаян абуни, гьел ругелъул къисас босулел къоял, гьелдалъун ритІухълъизе бугелъул Илагьиял ТІухьдузда хъварабщинаб. 23Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! ЦІакъ кІудияб балагь бачІина гьеб ракьалде, Аллагьасул ццин рещтІина гьеб халкъалде! 24Хвалчабаз бутІрул къотІаралги рукІина, киналго улкабазде асирлъун рачун аралги рукІина. Аллагь лъалареб халкъалъул къуват лъугІараб заман тІаде щвезегІан, гьелъ хІатІикь мерхьина Иерусалим.
25Бакъ-моцІалъул ва цІвабзазул гІаламатал загьирлъила, ракьалдайин абуни, ралъдал хъудиялъ ва карачалабазул кутакаб хъуялъ хІинкъизарурал халкъал цІакъго рихха-хочун лъугьина. 26Дуниялалде рещтІине ругел балагьазухъ ралагьун чІеялъги хІинкъиялъги гІадамал гІакълуялдаса ина. Щаян абуни, къвакІарал зобал гьаргьадизе ругелъул. 27Гьебмехалда вихьила накІкІул парчаялда тІад гучалда ва кІудияб къудраталда ГІадамил Лъимер вачІунев. 28Гьел гІаламатал загьирлъаралго, нуж тІаде рахъа ва бетІер эхеде борхун ралагье – нужее тархъанлъилъидал бачІунеб бугеб.

 

«Нужеца мисалалъе босе инжиралъул гъветІ!»

 

29ГІисаца гьезие гьадинаб мисал бачана:
– Инжиралъул гъотІохъ яги цогидал гъутІбузухъ ралагье нуж. 30Гьел гъутІби гІурччинлъун рихьараб мехалъ, нужеда лъалагури рии тІаде щолеб букІин. 31Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала Аллагьасул ПарччахІлъи гІагарлъулеб букІин.

 

«Воре, нуж рорчІуда чІа!»

 

32ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дуниялалда гьаб наслу букІаго лъугьине буго гьеб кинабго. 33Зобалги ракьалги тІагІаниги, дир рагІаби нахъе хутІизе руго. 34Воре, гьекъолдун, пасалъун ва магІишаталъул тІалаб-агъаз гьабун, ракІ бицалъизе биччаге, тохлъукьего гьеб къоялъ нужее къор гъезе гурин. 35Гьеб къо тІаде бачІине бугелъул тІолабго гьаб ракьалда тІад бугеб кинабго махлукъаталде! 36Гьединлъидал рорчІуда чІа! Кинабго гьеб ккезе бугелдаса хвасарлъизеги ва къиямасеб къоялъ ГІадамил Лъимада цере чІезе кІвезеги кидаго гьари-дугІаялда рукІа.
37Гьел къоязда Мукъадасаб Рокъове вагІза-насихІат гьабизе вачІунаан ГІиса. Сордо базе гьев Зайтуналъул магІарде тІадвуссунаан. 38Щибаб къоялъ радалго бачІунаан Мукъадасаб Рокъобе гьесухъ гІенеккизе халкъ.

 

22 бетІер

 

Ягьуда Искариот ГІисае хилиплъула

 

1Жинда Пасхаян цІар лъураб РеччичІел Панкъазул Байрам гІагарлъулеб букІана. 2ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана ГІиса тІагІинавизе санагІат ккелародайилан, амма халкъалъукьаги хІинкъулел рукІана гьел. 3Дов анцІила кІигоясул цояв, Искариотин тІокІцІар бугев Ягьудал рекІелъе илбис лъугьана. 4ЧІахІиял кашишзабаздаги Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги аскІове ун, гьезулгун къотІи-къай гьабуна ГІиса гьезул кверде кьезе. 5Гьел рохана ва гьесие гІарац кьезе къотІи гьабуна. 6Ягьуда гьелда разилъана. Цинги гьес балагьулеб букІана гІадамал гьечІеб бакІалда ГІиса гьезул кверде кьезе санагІалъи бугеб заман.

 

Пасхаялъул квен

 

7РеччичІел панкъал режулеб ва къурбаналъе пасхаялъул кьегІер хъолеб къо тІаде щвана. 8ГІисаца Пётридаги Иоаннидаги абуна, нилъеего пасхаялъул квен хІадур гьабизе аян. 9Киб нижеца гьеб гьабизе дуе бокьун бугебилан гьикъана гьез ГІисада. 10ГІисаца гьезда абуна:
– Балагьея, шагьаралде жанире лъугьараб мехалъ, лъадал гІеретІги цІун вачІунев цо чи ватила нужеда. Гьев жаниве лъугьараб рокъоре а нужги гьесда хадур. 11Цинги нужеца рукъалъул бетІергьанасда абе: «МугІалимасе лъазе бокьун буго жиндирго муридалгун цадахъ пасхаялъул квание рукъ киб бугебали». 12Гьес нужеда бихьизабила цо гІатІидаб къачІараб тІасарукъ. Гьеле гьениб хІадуре нужеца квен.
13Шагьаралде щведал, ГІисаца абухъе тІубана гьез иш. Цинги пасхаялъул квенги хІадур гьабуна. 14Къаси кванил ригь щвараб мехалъ, вачІун ГІиса кваназе гІодов чІана, гьесда аскІов вукІана анцІила кІиявго чапарги. 15ГІисаца гьезда абуна:
– Дица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелалде гьаб Пасхаялъул квен нужеда цадахъ кваназе цІакъ гІащикълъун вукІана дун. 16Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъиялда ахирисеб пасхаялъул байрам тІобитІизегІан тІокІаб кваназе гьечІо дица гьеб.
17Цинги гьес, чагъиралъул цІураб щурунги босун, тІаде дугІаги гьабун, абуна:
– Ма, нужедаго гьоркьоб бикье гьаб. 18Дица нужеда абулеб буго: Аллагьасул ПарччахІлъи рещтІинегІан гьанжеялдаса нахъе тІокІаб гьекъезе гьечІо дица гьаб цІолбол цІцІураб жа.
19Цо чедги кодобе босун, тІаде дугІаги гьабун, гьезухъе кьолаго ГІисаца абуна:
– Гьаб буго нужее гІоло къурбанлъулеб дир черх. Дунги ракІалде щун, нужецаги гьабе гьадин.
20Кванан рахъараб мехалъ, додинго щурунги кодобе босун, ГІисаца абуна:
– Гьаб буго нужее гІоло тІолеб дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. 21Амма дида цадахъ гьаб кванде квер бегьана дие хилиплъизе вугев чиясги. 22Гьедин ГІадамил Лъимер жиндирго къадаралде щвела, амма гьесие хилиплъарасдеги балагь бачІина.
23Гьел цоцаздехун гаргадизе лъугьана: щивдай гьевилан, лъицадай гьеб гьабизехъин бугебилан.

 

«Бищунго кІудиявлъун щив кколев?»

 

24Цоги гьезда гьоркьоб дагІба-къец ккана жидеда гьоркьов бищунго кІудиявлъун щивдай кколаян. 25ГІисаца гьезда абуна:
– ПарччахІзабаз халкъазе ханлъи гьабула, гІадамазги гьел кверщелчагІи рикІкІуна лъикІлъи гьабулел чагІилъун. 26Амма нужеда гьоркьоб гьедин букІине бегьуларо: нужер бищунго кІудияв чІа бищунго гьитІинав вугев гІадин, кверщел бугевги чІа цогидазе хъулухъалъе. 27Щив кІудиявлъун рикІкІунев: кваналев вугев чийищ яги кваналезе хъулухъалъе чІарав чийищ? Кваналев вугев чи гурищ? Гьале дун гьанив нужее хъулухъалъе чІун вуго. 28Нужни дида цадахъ къо хІехьарал чагІи руго. 29Гьединлъидал дир Инсуца дие ирсалъе кьураб ПарччахІлъи дица нужееги ирсалъе толеб буго. 30Дир ПарччахІлъиялда нужги дида цадахъ квана-гьекъолел рукІине руго ва Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе тахазда тІад гІодорги чІезе руго.

 

«Дуца дидаса инкар гьабила»

 

31Симон! Симон! Ворегиха! Илбисалъ гьарана нуж цІалкІизе риччайилан, цІалкІица кколелги кколарелги ролъул мугьал ратІа гьарулеб гІадин. 32Дица дуе дугІа гьабуна мун иманалдаса ватІалъунгутІизе, цинги дида аскІове тІадвуссараб мехалъ, дурго вацазул ракІбатизабе.
33Пётрица гьесда абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Дуда цадахъ туснахъалде инеги хвезеги хІадурав вуго дун.
34Амма ГІисаца гьесда абуна:
– Дица дуда абулеб буго, Пётр: радакье хІелеко бахъиналде дуца лъабцІулго абила дун дуда лъаларилан.

 

ГІисаца хІадурлъейилан абула

 

35ГІисаца гьезда абуна:
– Я гІарац лъун таргьа босичІого, я къайи лъун къвачІа босичІого, я хисун ретІине хьитал росичІого дица нуж ритІараб мехалъ, сундулниги къварилъи букІанищ нужее?
БукІинчІилан жаваб кьуна гьез.
36Гьес гьезда абуна:
– Гьанже гІарцул таргьа бугес гьебги цадахъ босе, гьединго къвачІаги босе. Хвалчен гьечІес, чухъа-гужгатги бичун, гьеб босизе санагІат гьабе. 37Дица нужеда абулеб буго: «Гьев такъсирчилъун рикІкІина», – ян Илагьиял ТІухьдузда дир хІакъалъулъ хъван букІарабги тІубазе буго, дир рахъалъ букІараб кинабго гьанже тІубазехъин бугелъул.
38– Я, БетІерчІахъад! Гьале, кІиго хвалчен буго гьаниб, – ан абуна гьез.
– ГІела, – ян абуна ГІисаца гьезда.

 

Зайтуналъул магІарда ГІиса Аллагьасде гьардола

 

39Цинги гьениса къватІиве вахъун, кидаго гІадин, Зайтуналъул магІарде ана гьев, муридалги рахъана гьесда хадур. 40Доре щведал, ГІисаца гьезда абуна:
– Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе.
41Рехараб гамачІ щолеб манзилалъ гьездаса рикІкІадегІанги ун, суждаялдаги чІун, дугІа гьабизе лъугьана ГІиса. 42Гьес абулеб букІана:
– Я, дир Эмен, дур хІукму бугеб батани, гьеб хвалил лълъар гьекъезабуге дида. Амма дие бокьухъе гуреб, дуего бокьухъе букІине биччанте. [13]
45ДугІаги лъугІизабун, муридазда аскІове щведал, пашманлъиялъ тату хун, кьижун ратана ГІисада гьел.
46– Щай нуж кьижарал? – ан абуна гьес. – ТІаде рахъа ва гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе.

 

ГІиса ккун вачун уна

 

47ГІисаца гьедин абулаго, гьале тІаде щвана гІемераб халкъ, ва цеве-цеве вукІана дол анцІила кІигояздасан цояв Ягьуда абулев чиги. ГІисада убач гьабизе аскІовегІан вачІана гьев. 48ГІисаца гьесда абуна:
– Ягьуда! Убачги гьабунищ дуца ГІадамил Лъимер тушбабазухъе кьолев вугев?
49Гьениб ккезехъин бугеб иш бихьидал, сверухъ рукІараз ГІисада абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Хвалчаби рахъилищ? – ан. 50Гьезул цояс хвалчен кьабун кІудияв кашишасул цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана.
51– ГІела! Те! – ян абуна гьезда ГІисаца ва, квер хъван, дов рагьтІателасул гІин сахлъизабуна.
52Жинда хадур рачІарал чІахІиял кашишзабаздаги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бутІруздаги, чІухІби-хІакимзабаздаги ГІисаца абуна:
– Хвалчабигун, тІилалгун, хъачагъ кквезе рачІунел кинигин, рачІун руго нуж дун вачине. 53Щибаб къоялъ нужеда цеве Мукъадасав Рокъов вукІунаангури дун, гьениб диде квер борхичІо нужеца. Амма гьанже нужер заман бачІун буго, бецІаб къуваталъухъе[14] кверщел щун буго.

 

Пётрица ГІисадаса инкар гьабула

 

54Ккун вачун гьез ГІиса кІудияв кашишасул бакІалде щвезавуна. Нахъа-нахъа чІун гьезда хадув вачІунев вукІана Пётрги. 55Гьеб минаялъул азбар бакьулъ цІаги бакун, сверухъ гІодор чІана рагъухъаби. Гьезда гьоркьов Пётрги вукІана. 56ЦІадухъ гьев вихьидал, гьесухъ ялагьунги чІун, цо гъаравашалъ абуна гьавги досда цадахъ вукІанилан. 57Пётрица, нагІадала ккун, абуна:
– Дида лъаларо, яц, гьев.
58Гьелдаса гІемер мех иналдего, цоги чиясги абуна, гьев вихьидал, мунги дозул чи вугилан. Пётрица абуна:
– Гуро, гьудул.
59СагІатгІан заман индал, цоги чияс цІакъ ракІчІун абуна:
– Гьав хІакъикъаталдаги досда цадахъ вукІарав чи вуго, Галилеялдасалъидалха гьавги, – ян.
60Амма Пётрица абуна:
– Дуца бицунеб жо щиб, гьудул?
ГьебсагІат хІелеко гІегІедизе лъугьана. 61Гьебмехалъ гьесдехун вуссун Пётрихъ валагьана ТІадегІанав ГІиса, ва Пётрида ракІалде щвана хІелеко бахъиналде лъабцІул дуца жиндаса инкар гьабилилан ТІадегІанав ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби. 62КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр.

 

ГІиса тІадегІанаб судалда цеве чІезавула

 

63ГІиса цІунун рукІарал гІадамаз гьев къабихІ гьавулев вукІана, гьесда кьабулеб букІана. 64Беразда чІортоги бухьун абулаан, мун авараг ватани, лъица кьабурабали бицейилан. 65Цогидалги къабихІал-инжитал рагІаби гІемер абуна ГІисада гьез.
66Дуниял рогьараб мехалъ, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, кІудиял кашишзабиги, диниял гІалимзабиги данделъана гьенире, ГІисаги вачун вачІана суд гьабулеб рокъове.
67– Бице, мун МасихІищ? – ан гьикъана ГІисада.
68Гьес абуна:
– Дица жаваб кьуниги, нуж божиларо. Дица суал кьуни, нужеца жавабги кьеларо. 69Гьанжеялдаса нахъе ГІадамил Лъимер гІодов чІезе вуго Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда.
70Киназго гьикъана:
– Гьедин батани, мун Аллагьасул Васищха?
ГІисаца гьезда абуна:
– Нужецаго абулеб бугогури дун гьев вугилан.
71Гьез абуна:
– Цоги нугІзал щай нилъее. Гьасул жиндирго кІалдисан рачІарал рагІаби рагІанагури нилъеда.

 

23 бетІер

 

ГІиса Пилатида цеве чІезавула

 

1Гьел киналго, ГІисаги вачун, рахъун Пилатихъе ана. 2Гьениб гьез ГІисаде гІайиб гІунтІизабулеб букІана, жидер халкъ дандечІеялде гьусулев ва къайсарасе магъало кьогеянги жив МасихІ-ПарччахІ вугиланги абулев ватанин гьевилан.
3Пилатица ГІисада гьикъана:
– Мунищха кколев жугьутІазул ПарччахІ?
ГІисаца жаваб кьуна:
– Дуца абулеб бугоха гьедин.
4ЧІахІиял кашишзабаздаги халкъалдаги Пилатица абуна гьав чиясе тамихІ гьабизе гІураб гІайиб жинда батулеб гьечІилан. 5Амма гьез тІаса ричІичІого абулеб букІана гьес халкъ багъа-бачаризабулеб бугин, тІолабго Ягьудиялдаго, хІатта Галилеялдаса бахъараб гьанибе щвезегІан, гьес жиндирго насихІат гьабулеб букІанин.
6Галилеялъул цІар бахъулеб рагІидал, Пилатица гьикъана Галилеялдасацин гурищ гьав чийилан. 7Гьеродил вилаяталдаса вукІин лъайдал, Пилатица ГІиса витІана гьел къоязда Иерусалималде вачІун вукІарав Гьеродихъе. 8ГІиса вихьаравго, Гьерод цІакъ вохана. Цебего бокьун букІана гьесие ГІиса вихьизе, гІемерал харбал рагІулел рукІиндалха гьесул хІакъалъулъ. Цо хІикмат жиндаги бихьизабилародаян хьулги букІана Гьеродил. 9Гьеродица гІемерал суалал кьуна ГІисае, амма гьес цонигиялъе жавабцин кьечІо. 10Гьенир рахъун чІун чІахІиял кашишзабазги диниял гІалимзабазги гІасилъун-ццидахун ГІисаде гІайибал гІунтІизарулел рукІана. 11Гьеродицаги гьесул рагъухъабазги ГІиса гІад-хочІие гьавун, инжит-хІакъир гьавун чІухІараб ретІел ретІана гьесда ва тІадвуссун Пилатихъе витІана. 12Цебеккун цоцазда гьоркьоб тушманлъи букІарал Гьеродги Пилатги гьеб къоялдаса нахъе гьудулзабилъун лъугьана.
13ЧІахІиял кашишзабиги, чІухІби-хІакимзабиги, цогидал гІадамалги ахІун, Пилатица гьезда абуна:
14– Гьас халкъ дандечІеялде гьусулеб бугилан вачун вачІун вуго нужеца гьав чи дихъе. Гьале дица нужги ралагьун цІех-рех гьабидал, дида гьав чиясда батичІо нужеца гьасде гІунтІизарурал гІайибазул цонигияб. 15Гьеродидаги батичІо, гьединлъидал дос гьав тІадвуссун нилъехъе витІун вачІана. ЧІвазе къотІизе гІураб цониги такъсирги гьас гьабун гьечІо. 16ЦІалацаги вацІун, нахъе виччала дица гьав.
17-18Амма халкъалъ цо кІалдисан гІадин ахІулеб букІана:
– Гьев чІвазе витІе! Барабба кье нижехъе! – ян.
19Барабба вукІана, шагьаралда цо питнаялда гІахьаллъиялъул ва чи чІваялъул такъсир тІад чІун, гвандинив тІамун вугев чи. 20ГІиса нахъе виччазе бокьун нахъеги халкъалдехун кІалъана Пилат.
21Амма гІадамал ахІдезе лъугьана:
– Хъанчида вазе витІе гьев! Хъанчида вазе витІе! – ян.
22Лъабабизеги абуна Пилатица гьезда:
– Гьас гьабураб квешлъи щиб? ЧІвазе гІураб гІайиб батичІо дида гьасул. Гьединлъидал, цІалацаги вацІун, нахъе виччала.
23Амма, кутакаб ахІи-хІур багъаризабун, тІадчІун гІадамаз гьарулеб букІана ГІиса хъанчида вазе витІейилан, ва гьезул ахІи-хІур бергьана. 24Пилатица хІукму гьабуна гьезул гьари къабул гьабизе: 25питнаялда гІахьаллъанилан ва чи чІванилан гвандиниве рехун вукІарав чиги, гІадамазул гьариялда рекъон, къватІиве виччан, ГІиса гьезул ихтияралде кьуна.

 

ГІиса хъанчида вала

 

26Гьев вачун унаго, гьесда хадуб хъанч баччизабуна хуриса вачІунев вукІун данде ккарав Киренеялдаса цо Симон абулев чиясда. 27ЦІакъ гІемераб халкъ букІана ГІисада хадуб бачІунеб, хасго руччаби рукІана гІодилел ва магІаби гьарулел. 28Нахъвуссун гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна:
– Я, Иерусалималъул руччаби! Нуж дихъ гІодуге! Нуж гІоде нужехъго ва нужер лъималазухъ. 29«Чехь къинлъун лъимер гьабичІел, керен кьун гьеб хахизабичІел руччаби гьардарал гурищ!» – ан нужеца абулел къоял рачІине руго. 30ТІаде рортун ниж гъоркь ккезареян мугІрузда гьардела гІадамал гьебмехалъ, щущан ун ниж щинкІизареян гохІазда гьардела. 31ГІурччинаб гъветІалъе гьадинал ишал гьарулел ругони, – бакъвараб гъотІое щибдай гьабила!
32КІиго хъачагъги вукІана гьесда цадахъ тамихІалъе вачун унев. 33«Гвангвара» абулеб бакІалде щведал, ГІиса хъанчида вана; цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда – дов кІиявго хъачагъги вана хъанчида. 34ГІисаца абуна:
– Я, дир Эмен! Гьазда тІасалъугьа мун. Жидецаго гьабулеб бугеб жо гьазда лъалеб гьечІо, – ян.
Рагъухъаби рукІана, можоро тІамун, гьасул ретІел жидедаго гьоркьоб бикьулел. 35Халкъ балагьун чІун букІана. ЧІухІби-хІакимзаби гьасда тІад релъанхъулел рукІана:
– Аллагьас тІаса вищарав МасихІ вугев ватани, живго хвасар гьавеян абе, цогидал хвасар гьарулин досилан абулеб букІанин.
36Рагъухъабазги гІад-хочІ гьавулев вукІана гьев. АскІоре ун, цІекІаб чагъир бегьулеб букІана гьесухъе.
37– Мун жугьутІазул парччахІ ватани, мунго хвасар гьаве! – ян абулеб букІана.
38«Гьав вуго жугьутІазул парччахІ» абун греказул, румазул ва жугьутІазул мацІалъ тІад хъвараб хъарщиги букІана гьесул бетІералда тІадехун хІобода чІван.
39Гьесда цадахъ хъанчида варав цо хъачагъас ГІиса инжит-къабихІ гьавулев вукІана:
– Мун МасихІ гурищ? Гьаха, мунгоги нижги хвасар гьаре, – ян.
40Цогидав хъачагъас, досул кІал къазабун, абуна:
– Мун АллагьасукьагІагийищ хІинкъуларев? Дуеги гьебго тамихІлъидал бугеб! 41Нилъее тамихІ битІун гьабулеб буго, нилъеца гьабуралда рекъон къотІун бугелъул нилъее судги. Амма гьас щибго квешлъи гьабичІо.
42ГІисадехун гьес абуна:
– Я, ГІиса, ПарччахІлъун мун вачІараб мехалъ, дунги ракІалде щва дуда, – ян.
43ГІисаца гьесда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица дуда: жакъаго дида аскІов алжаналъувин мун вукІине вугев!

 

ГІисал рухІ босун уна

 

44Къалъулеб гІужалда бакъ ккуна. Къалъудаса лъабго сагІат инегІан тІолабго дуниял бецІлъана. 45Мукъадасаб Рукъалъул бищунго хирияб рокъоб бигъун букІараб пардав бакьулъа бихъун ана. 46Цо гучаб гьаракь гьабун ахІана ГІисаца:
– Я, дир Эмен! Дуда кодобе кьолеб буго дица дирго рухІ!
Гьедин абун хадуб гьесул рухІ босун ана.
47Гьеб бихьарав Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул нусилбетІерас, Аллагьасе рецц гьабун, абуна:
– ХІакъикъаталдаги вацІцІадав чи вукІун вуго гьав.
48Гьеб киналъухъго балагьизе бачІун букІараб тІолабго халкъги, гьениб ккараб жо бихьидал, бухулаго керенгун, тІадбуссун ана. 49ГІиса лъалев вукІарал киналго гІадамалги Галилеялдаса рахъарал гьесда цадахъ рукІарал руччабиги нахъегІан чІун ралагьун рукІана.

 

ГІиса хабалъ вукъула

 

50-51Гьале Ягьудиялъул Ариматея шагьаралдаса Аллагьасул ПарччахІлъиялде хьул лъурав Юсуп абулев цо лъикІав ва ритІухъав чи (тІадегІанаб судалда гьоркьове унев вукІаниги, гьев разилъун вукІинчІо гьелъ гьабураб хІукмуялдаги гьеб тІубазабиялдаги), – 52Пилатихъе ана ГІисал жаназа кьеян гьаризе. 53Хъанчидаса бахъун, хІебтил мусрудулъги жемун, кьурулъ бикІун хІадурун букІараб жеги щивниги чи лъечІеб хабалазул нохъода букъула гьесул жаназа.
54Гьеб букІана рузман къо, тІаде щолеб букІана шамат сордо. 55Галилеялдаса рахъарал ГІисада цадахъ рукІарал руччабиги ана Юсупида хадур ва гьездаги бихьана гьеб хобги хабалъ гьев лъураб куцги. 56Цинги тІадруссун рокъоре щведал, ГІисал мусруялда бахине махІгьуинаб нах хІадурана гьез. Къануналда рекъон, шамат къоялъ парахат чІана.

 

24 бетІер

 

ГІиса хабалъ ватичІо

 

1Анкьил тІоцебесеб къоялъ, цІакъ цудунго рахъун ва цебеккунго хІадурун букІараб махІгьуинаб нахги босун, гьел руччаби ГІисал хабаде ана. 2Нохъодул хобалъул кІалтІа букІараб гамачІ нахъе гиризабун батана гьезда. 3Жанире лъугьиндал, ТІадегІанав ГІисал жаназаги батичІо. 4Гьелда хІикмалъун, хаган гьел рукІаго, гьале гьезда цеве чІана цІакъго кенчІолел гІабаби ретІарав кІиго чи. 5ХІинкъуца холаго, руччаби бутІрул гІодоре къулун чІедал, доз гьазда абуна:
– Хваразда гьоркьов щай нужеца чІагояв чи валагьулев? 6Гьев гьанив гьечІо. Гьев хваралъуса вахъана. РакІалда бугищ Галилеялда вугеб мехалъго ГІисаца нужеда абулеб букІараб: 7ГІадамил Лъимералъе къадар бугин гьев мунапикъзабазул кверде кьезе, хъанчида ван хвезавизе ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги.
8ГІисаца абун рукІарал гьел рагІаби ракІалде щвана руччабазда. 9Хабалалъа тІадруссун щведал, гьез гьеб хабар бицана ГІисал анцІила цо чапарасдаги ва киналго цогидал муридаздаги. 10Гьел руччаби рукІана: Магдалаялдаса Марямги, Иоаннаги, Якъубил эбел Марямги ва цогидалги – гьезин бицараб гьеб чапарзабазда. 11Чапарзабазда ккана гьез гІантал жал рицунел ругилан, ва руччабазда гьал божичІо. 12Амма Пётр гьебсагІатго векерун ана хабалалъе. Жаниве къулун валагьидал, хІебтил мусру гурони, щибниги батичІо гьесда гьениб ва хІикмалъун тІадвуссун вачІана.

 

КІиго муридасдаги вихьула ГІиса

 

13Гьебго къоялъ ГІисал кІиго мурид унев вукІана Иерусалималдаса анцІила цо километралъ рикІкІад бугеб Эммаус абулеб росулъе. 14Кинабго лъугьа-бахъаралъул бицунеб букІана гьез. 15Гаргадулел, дагІбадулел гьел рукІаго, вачІун ГІиса гьезда цадахъ вилълъине лъугьана. 16Амма гьезда цебе пардав лъугьун букІана, гьединлъидал ГІиса гьезда лъачІо. 17Гьес гьикъана гьезда:
– Сундул бицунаго нуж рачІунел ругел?
Пашманго рачІунел рукІарал гьел кІиялго лъалхъана. 18Гьезда гьоркьоса Клеопа абун цІар бугес абуна:
– Гьал къоязда Иерусалималде рачІаразда гьоркьов цохІо мун ватила гьениб ккараб ишалъул хІакъалъулъ рагІичІев чи.
19– Сундул хІакъалъулъ? – ан гьикъана гьес.
– Назареталдаса ГІисал хІакъалъулъ, – ан абуна гьез. – Гьев вукІана Аллагьасдаги тІолабго халкъалдаги жиндир ишазулги рагІулги хІалкІолъи бихьарав авараг. 20Цинги нилъер чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги гьесие чІвазе къотІизе хІукму гьабизабуна, ва гьев хъанчида вазе витІана. 21Вай, нижерни хьул букІана гьев Исраилил халкъ тархъан гьабизе вачІарав чи ватилилан. Амма гьелдалъун лъугІичІо иш: гьале лъабабилеб къо буго гьеб лъугьа-бахъин ккаралдаса. 22Нижер цо-цо руччабаз бицараб хабаралъ хагазарун руго ниж. Жакъа радал цудунго рахъун ГІисал хабаде ун рукІана гьел. 23Амма гьезда хабалъ ГІисал жаназа батун гьечІо. Зодисан рещтІун гьенир ратарал малаикзабаз гьев чІаго вугин абунин жидедаян бицине рачІана гьел руччаби. 24Цо-цо нижералги ун рукІана хабатІе, ва руччабазда батухъе батун буго гьездаги хоб. Амма гьев живго вихьун гьечІо.
25Гьес гьезда абуна:
– Аварагзабаз цебеккунго киналъулго хІакъалъулъ бицун бугониги, гьелда божизе гІураб гІакълуги гьечІел ракІалги хІинцал гІадамал руго нуж! 26Гьединаб гІазаб-гІакъуба гурищ МасихІица хІехьезе кколеб букІараб, гьедин гурищ МасихІ машгьурлъизе кколев вукІарав?
27Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда. 28Гьанже гьел доб росулъе гІагарлъулел рукІана. Жив дагьавги цевехун ине кколеб ххвел гьабуна гьес. 29Бакъги щинкІулеб бугин, сордоги тІаде щолеб бугин, жидеда цадахъ чІайилан тІаделъана гьел гьесде. Разилъун гьезда цадахъ рокъове жаниве лъугьана ГІиса. 30Гьенир кваназе байбихьидал, гьес, тІаде дугІаги гьабун, бекун чед кьуна гьезухъе. 31Гьебмехалъ борхун ана гьезда цебе букІараб пардав, ва гьезда ГІиса лъана. ГьебсагІат ГІиса гьезда вихьуларевлъун лъугьана. 32Гьез цинги цоцазда абуна:
– Нухда нилъгун кІалъалев ва Илагьияб ТІехьалда бугеб хабар бичІчІизабулев гьев вукІараб мехалъго бухІулеб-бухІулеб букІинчІищ нилъер ракІ? – абун.
33Рахъун гьебсагІатго Иерусалималде тІадруссун ана гьел. Гьенир ратана анцІила цо чапарги гьезда цадахъ рукІаралги. 34Гьез бицунеб бугоан хІакъикъаталдаги ТІадегІанав ГІиса чІаголъун вугин ва Симонида гьев вихьунги вугин. 35Гьазги бицана нухда жидеда цадахъ вачІиналъулги, кванда нахъа бекун чед кьураб мехалъ, жидеда ГІиса лъараб куцалъулги хІакъалъулъ.

 

Цогидал чапарзабаздаги вихьана ГІиса

 

36Гьелъул бицунел гьел рукІаго, тІаде вачІун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. 37ХІинкъун, хІал хисун ругел гьезда ракІалде ккана хваразул рухІ бугин гьебилан.
38ГІисаца гьезда абуна:
– Щай нуж рихха-хочулел? Щай нуж щакдарулел? 39Гьанире ралагье: гьале дир кверал, гьале дир хІатІал. Дун вуго нужеда цеве вахъун чІун. Квер хъван хал гьабе нужецаго. Хваразул рухІалъул рукьбиги рукьбузда гьанги букІунебищ? Дир черхалда бихьулеб бугогури нужеда гьеб.
40Гьединги абун, жиндирго квералги хІатІалги рихьизаруна ГІисаца гьезда. 41Рохиялъ хаган, хІикмалъун, божизе захІмалъун гьел ругеб мехалъ, цо щибниги кваназе жо гьечІищ гьанибилан гьикъана ГІисаца. 42Гьез ГІисахъе бегьана бежараб ччугІил кесек. 43Босун, гьалги ралагьун, квана ГІисаца гьеб. 44ГІисаца гьезда абуна:
Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул тІухьдуздагун Туркабазул Хирияб ТІехьалдаги дир хІакъалъулъ хъван бугебщинаб ритІухълъана. Гьедин ккезе бугилан бицун букІана нужеда цадахъ вугеб мехалъ дица.
45Илагьияб ТІехьалда хъван бугебаб бичІчІуледухъ, гьезул ракІал кантІизаруна ГІисаца цинги.
46-47Гьес абуна:
– ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. 48Гьелъие нугІзал руго нуж. 49Дир Инсуца нужее рагІи кьун букІарабги битІизе буго дица нужехъе. ТІасан бачІараб хІалкІолъиялъ къвалбазегІан шагьаралда чІа нуж.

 

ГІиса зобалазде восун уна

 

50Иерусалималдаса Бетаниялде рачана ГІисаца гьел. Квералги зодирехун ритІун, баркат лъегиян дугІа гьабуна гьезие ГІисаца. 51ДугІа гьабулаго дагьа-дагьавккун гьездаса рикІкІалъизе лъугьана ва зобалазде восун ана. 52Гьесие суждаги гьабун, рохуца холаго Иерусалималде тІадруссана гьел. 53Цинги, кидаго Мукъадасаб Рокъор чІун, Аллагьасе рецц гьабулеб букІана гьез.

 

 

Иоанница бицараб Рохалил хабар

«Иоанница бицараб Рохалил хабар» хъван буго нилъер эраялъул І гІасруялъул ахиралда яги ІІ гІасруялъул авалалда. Гьеб хъван батизе бегьула ГІисал тІоцересел чапарзабазул цоявлъун кколев Иоаннил ракІалдещвеяздаса пайдаги босун. Гьес бицунеб буго ГІиса вукІин Аллагьасул абадияб РагІилъун. Абулеб буго гьеб РагІи «инсанлъун лъугьанин, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІанин».
«ГІиса Аллагьасул Вас вукІиналде нужеца иман лъезе бокьун ва гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъизе бокьун» хъванин гьабилан бицунеб буго гьениб.
«Иоанница бицараб Рохалил хабаралда» нужеца цІалила ГІисаца рихьизарурал мугІжизатазул хІакъалъулъги. Аллагьас гьесие гьеб гьунар кьуна гІадамал мунагьалдаса ва хвалдаса хвасар гьаризеги абадияб гІумруялде рачинеги витІарав жиндир Вас гьев вукІин бихьизабизе. Гьенир руго ГІисаца гьарурал гІемерал насихІатал. Бицунеб буго цо-цо гІадамал гьесухъ гІенекканилан, цо-цояз гьесде мугъ реханин ва тушбабилъун лъугьанин. 13-17 бутІрузда кьун буго ГІисаца жиндирго муридазе гьабураб ахирисеб кІудияб насихІат. Гьелдаса хадуб хъван буго ГІиса чІвазе хІукму къотІиялъул, хъанчида ван хвезавиялъул ва хваралъуса вахъиналъул хІакъалъулъ.

 

1 бетІер

 

Байбихьи

 

1Бищунго цебе букІана РагІи. РагІи Аллагьасда аскІоб букІана. РагІи букІана Аллагьлъунги. 2Бищунго цебе гьеб Аллагьасда аскІоб букІана. 3Гьеб РагІудалъун бижана кинабго. Бижарабщиналъул щибниги бижичІо гьеб гьечІого. 4Гьелъулъ букІана чІаголъи. Гьеб чІаголъи букІана гІадамазе Нурлъун. 5Гьеб Нур бецІлъуда кунчІун буго, бецІлъиялда гьеб Нур киданиги къезабизе кІвечІо.
6Гьале Аллагьас витІун вачІана ЯхІя абулев чи. 7Гьев вачІун вукІана халкъалда цебе гьеб Нуралъе нугІлъи гьабизе, гьесухъги гІенеккун, киналго гьелда божизелъун. 8ЯхІя живго Нур вукІинчІо, гьев вачІун вукІана гьеб Нуралъе нугІлъи гьабизе. 9Гьеб ккола дуниялалде бачІараб хІакъаб Нур. Гьелъ гвангъизавун вуго щивав чи. 10Гьеб Нур бачІун букІана гьелдалъун жиб бижараб дуниялалде, амма гІаламалда гьеб лъачІо. 11Жиндирго халкъалъухъе вачІун вукІана Нурлъун вугев чи, жиндирго халкъалъ гьев къабул гьавичІо. 12Амма жив къабул гьавуразе ва жинда божаразе гьес рес кьуна Аллагьасул лъималлъун рукІине. 13Лъилниги биялдасан, лъилниги черхалдасан яги бихьинчиясул гьаваялдасан лъугьарал лъималлъун рукІине гуро рес кьураб, Аллагьасул лъималлъун рукІинейин.
14РагІи инсанлъун лъугьана, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІана. Нижеда бихьана гьесул кІодолъи – Инсул цохІо вугев Васасул кІодолъи.
15Гьесул хІакъалъулъин ЯхІяца бицунеб букІараб. ЯхІяца ахІулеб букІана: «Дида хадув вачІунев дидаса гІемерго тІадегІанав кколилан дица бицунеб букІарав чи вуго гьев. Дидасаги цеве вукІиндалин гьев тІадегІанав вугев!» 16Гьесул баркаталъул гьарзалъиялъин баркаталда хадубги баркат щвараб нижее. 17КъанунМусахъ битІун бачІана Аллагьас, баркатги хІакъабщинабги МасихІ ГІисадасан загьирлъана. 18Аллагь киданиги лъиданиги вихьичІо, амма кидаго Инсудаса ватІалъуларев цохІо вугев Васасдалъун вихьизавуна гьес живго.

 

ЯхІя аварагас жиндиргоги ГІисалги бицунеб буго

 

19Иерусалималдаса ягьудияз кашишзабиги левиталги мун щивилан гьикъизе ритІун рачІараб мехалъ, жиндирго хІакъалъулъ нугІлъи гьабун, 20гьес инкар гьабичІо, гьев мукІурлъана – жив МасихІ гурилан мукІурлъана ЯхІя. 21Гьедин батани, Иляс аварагищха мунилан гьикъана гьез. Гурилан жаваб кьуна ЯхІяца. Мун аварагищилан гьикъараб мехалъги гурилан абуна гьес. 22Ахиралда гьез гьикъана:
– Щивха мун? Ниж дуда аскІоре ритІарал гІадамазда щибилан нижеца бицинеб? Дуцаго щивлъун мун рикІкІунев?
23ЯхІяца жаваб кьуна:
– Дун вуго, Ишая аварагас абухъе: «БетІергьанасе нух къачІайилан авлахъалда ахІдолев вугев чи!»
24Гьел рукІана фарисеяз ритІарал гІадамал. 25Гьез гьикъана:
– Мун МасихІги гурев ватани, Илясги гурев ватани, аварагги гурев ватани, гьал гІадамал лъадалъ ччун щайха дуца гьазул мунагьал чурулел ругел?
26ЯхІяца жаваб кьуна:
– Дица нуж, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго, амма халкъалда гьоркьов вуго цо Чи. Нужеда лъаларо гьев. 27Дида хадув вачІунев вуго гьев. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун.
28Гьеб гара-чІвари ккана Иордан гІурул доб рахъалда бугеб Бетаниялда. Гьенир лъадалъ ччун рахъулел рукІана ЯхІяца гІадамал.

 

«Гьале дов Аллагьасул КьегІер»

 

29Нахъисеб къоялъ ГІиса жиндаго аскІове вачІунев вихьидал, ЯхІяца абуна:
– Гьале дов – гьаб гІаламалъул мунагь тІаде босун къурбанлъун лъугьине бугеб Аллагьасул КьегІер. 30Дида хадув вачІунев дидаса гІемерго тІадегІанав кколилан дица бицунеб букІарав чи вуго гьав. Дидасаги цеве вукІиндалин гьав тІадегІанав вугев! 31Дида лъалароан гьав, Исраилил халкъалъе гьав загьирлъизе гІоло, гьел лъадалъ ччун рахъун рацІцІад гьаризе вачІун вуго дун.
32ЯхІяца нугІлъи гьабун абуна:
– Дида бихьана зобалаздасан Илагьияб РухІ, миккидул сураталда боржун бачІун, гьесухъе рещтІунеб ва гьесулъ хутІулеб. 33Дида гьебмехалдаги лъачІо гьев. Амма лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе дун витІарас дида абуна: «Илагьияб РухІ жиндихъе рещтІунев ва жиндихъ гьеб хутІулев чи вихьила дуда. Гьев ккола Илагьияб РухІалдалъун гІадамал чуризе вачІарав чи». 34Гьеб дида бихьана, гьединлъидал дица нугІлъи гьабулеб буго гьав Аллагьасул Вас вукІиналъе.

 

ГІисал тІоцересел муридал

 

35Нахъисеб къоялъ ЯхІя жиндирго кІиго муридасда цадахъ вугеб мехалъ, 36цевесан унев ГІисахъги валагьун, гьес абуна:
– Гьале Аллагьасул КьегІер.
37Гьеб рагІидал ЯхІял кІиявго мурид ГІисада хадур ана. 38Нахъехун вуссун валагьарав ГІисада гьел жиндаго хадур рачІунел рихьана.
– Нужее щиб къваригІун бугеб? – ан гьикъана ГІисаца гьезда.
ГІисада гьезги гьикъана:
– Я, Рабби! («МугІалим» абураб магІна буго гьеб рагІул.) Дур чІей, яшав киб бугеб? – абун.
39Жинда хадур рачІани лъалин нужеда гьебилан жаваб кьуна ГІисаца. (СагІат ункъо тІубараб заман букІана гьеб.) Гьел ГІисада хадур гьесул бакІалде ана ва тІубараб къоялъго гьенир чІана.
40ЯхІяца бицаралъухъ гІенеккун, ГІисада хадур аразул цоясда цІар Андрей букІана. Гьев вукІана Симон Пётрил вац. 41ТІадвуссун щваравго, Симонги валагьун, Андрейица бицана нижеда МасихІ ватанилан. (Грек мацІалда Христосилан абула гьесда.) 42Гьес Симон ГІисахъе вачана. Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна:
– Мун вуго Иоаннил вас Симон. Дуда цІар букІине буго Кефа (грек мацІалда Пётр)[1].

 

Филиппги Натанаэлги ГІисада хадур уна

 

43Нахъисеб къоялъ Галилеялде ине хІукму гьабуна ГІисаца. Гьес Филипп валагьана ва жинда хадув вачІайилан абуна. 44Пётрги Андрейги гІадин, Филиппги Бетсаида шагьаралдаса вукІана. 45Натанаэл валагьун, Филиппица абуна Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул ТІухьдуздаги жиндир хІакъалъулъ хъван букІарав чи ватанин жидедаян. Гьев вугин Назареталдаса Юсупил вас ГІиса. 46Назареталда сахав чи вахъуневищилан абуна Натанаэлица. Мунго а дов вихьизеян абуна гьесда Филиппица. 47Натанаэл вачІунев вихьараб мехалъ ГІисаца абуна:
– Гьав вуго дов унго-унгояв жугьутІав, жинца киданиги хІилла-рекІкІ гьабуларев.
48– Дуда дун кисан лъалев? – ан гьикъана Натанаэлица.
– Филиппица мун витІилалдего инжиралъул гъотІокь гІодов чІун вихьана дида мун, – ян абуна ГІисаца.
49Натанаэлица абуна:
– Я, Рабби! Мун вуго Аллагьасул Васги, Исраилил халкъалъул ПарччахІги!
50ГІисаца абуна:
– Инжиралъул гъотІокь вихьанилан дица абидалищ дуца диде иман лъураб? Гьелдасаги хІикматал ишал гІемер рихьила дуда.
51Цоги ГІисаца гьесда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дуда зобал кІирикьулел рихьила ва гьенисан ГІадамил Лъимадухъе рачІунел-унел Бичасул малаикзабиги рихьила.

 

2 бетІер

 

Канаялда бертин

 

1КІиго къоялдасан Галилеялъул Кана абулеб шагьаралда бертин букІана. ГІисал эбелги йикІана берталъ. 2Берталъе ахІана ГІисаги гьесул муридалги. 3Кинабго чагъир гьекъон бахъараб мехалъ, эбелалъ ГІисада абуна берталъ чагъир лъугІун бугилан. 4ГІисаца гьелда абуна:
– Я, дир эбел, дида щай дуца гьеб абулеб бугеб? Дирго иш гьабизе жеги болжал щун гьечІогури.
5Амма эбелалъ бертадул иш тІубазабулел рукІарал гІадамазда абуна гьас малъараб гьабейилан. 6Гьениб букІана рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе жугьутІаз лъим жанибе тІолеб гамачІ бекІкІун гьабураб анлъго рагІ. Щуго-анлъго къали унаан щибаб рагІалъубе. 7ГІисаца гьезда абуна гьел рагІал лъадал цІезареян. Симсимун лъадал цІезабуна гьез гьеб анлъабго рагІ. 8Пурччби цІезарун тамадаясухъе гьебги босун айилан абуна ГІисаца гьел бертадул иш тІубазабулел гІадамазда. Босун щвезабуна гьез гьеб. 9Тамадаяс гьелъул хІалбихьизе цин жинцаго гьекъана. Чагъир батана гьеб. Амма киса гьеб бачІарабали гьесда лъалароан. Гьеб лъалаан дол гІадамазда. 10Гьебмехалъ, ахІун аскІовегун, тамадаяс бахІарасда абуна:
– Кибгоги берталъ цин лъикІаб чагъир кьола гьекъезе, цинги гІадамал мехтидал, квешабги бахъула цебе. Дуцайин абуни гьанжелъагІан тун букІун буго бищунго лъикІаб чагъир.
11Гьедин гьениб – Галилеялъул Кана шагьаралда – бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада.
12Цинги ГІисаги, гьесул эбелги, вацалги ва муридалги Капернаумалде ана. Чанго къо бана гьез гьениб.

 

ГІисаца даранчагІи Мукъадасаб Рокъоса къватІире гъола

 

13ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІиндал, ГІиса Иерусалималде ана. 14Мукъадасаб Рокъове лъугьиндал, ГІисада гьенир ратана къурбаналъе хъвезе гІи-боцІиги маккалги ричулел гІадамал, жидерго столазда нахъа гІодор чІун ругоан гІарац хисулел чагІиги. 15ЦІалаца гІадин квар-гІарщалъ рухулаго гьел гІадамалги гІи-боцІиги къватІире гъуна ГІисаца, гІарац хисулел чагІазул столалги кІалагъоркье чІвазарун, гІарац гІодобе щущазабуна. 16Маккал ричулел чагІазда гьес абуна:
– Нахъе босе гьаб кинабго. Дир Инсул рукъ базаралде сверизабуге, – ян.
17Гьебмехалъ ГІисал муридазда ракІалде щвана: «Дур рукъалъухъ бергьараб хІасраталъ вухІулев вуго дун», – абун ТІухьдузда хъван бугеб калима.
18Гьенир рукІарал ягьудияз ГІисада гьикъана:
– Дуца кинаб гІаламаталдалъун нижеда бихьизабилеб гьеб киналъего дур ихтияр букІин?
19ГІисаца гьезие жаваб кьуна:
– Нужеца гьаб Мукъадасаб Рукъ биххизабе, цинги лъабго къоялда жаниб дица гьеб цІидасан бала.
20Гьесие жавабалъе ягьудияз абуна:
– Гьаб Мукъадасаб Рукъ базе кІикъоялда анлъго сон къваригІана. Лъабго къоялда жаниб бан бажарилищ духъа гьеб?
21Гьеб Мукъадасаб Рукъалъул мисалалда ГІисаца бицунеб букІун буго жиндирго черхалъул хІакъалъулъ. 22ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ ракІалде щвана муридазда гьесул гьел рагІаби. Гьебмехалъ божана гьел ТІухьдузда хъван букІаралдаги ГІисаца жидедаго бицун букІаралдаги.

 

Лъида щиб ракІалда бугебали лъала ГІисада

 

23Иерусалималда ГІиса Пасхаялъул байрамалда вугеб мехалъ, гьесдасан загьирлъарал гІаламатал рихьун, гІемерал гІадамал божана гьесда. 24Амма ГІиса лъиданиги божизе кколароан. Гьел киналго щал кколелали лъалеб букІана гьесда. 25Пуланав чи гьадинав-додинав вугилан лъицаниги бицинчІониги, жиндаго лъалаан лъида щиб ракІалда бугебали.

 

3 бетІер

 

ГІисалги Никодемилги гара-чІвари

 

1Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазда гьоркьов вукІана цо Никодем абулев фарисеяв. 2Сардилъ ГІисахъе вачІун, гьес абуна:
– Я, Рабби! Нижеда лъала мун Аллагьас нижехъе витІарав МугІалим вукІин. Дуца нижеда рихьизарурал гІадинал мугІжизатал лъиданиги рихьизаризе кІоларо, Аллагьасул квербакъи гьечІони.
3ГІисаца гьесда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица дуда: цІидасан гьавурасда гурони Аллагьасул ПарччахІлъи бихьизе гьечІо.
4Никодемица гьесда гьикъана:
– КІудияв гІурав чи цІидасан кин гьавулев? ТІадвуссун эбелалъул ургьиве лъугьун, цІидасан чи гьавизе рес бугебищ?
5ГІисаца жаваб кьуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица дуда: лъададасан ва Илагьияб РухІалдасан лъугьарав чиясе гурони Аллагьасул ПарччахІлъиялде нух гьечІо. 6Инсанасул черхалдасан черх лъугьуна, рухІалдасан рухІ лъугьуна. 7Нуж цІидасан гьаризе кколилан дица абиялда хІикмалъуге. 8Гьури жиндиего бокьараб рахъалде уна. Дуда гьелъул гьаракь-хъуй рагІула, амма кисан бачІунеб ва кибе гьеб унеб бугебали дуда лъаларо. Гьелда релълъуна РухІалдасан гьавуравщинав чиги.
9– Гьеб кин лъугьунеб? – ан гьикъана Никодемица.
10ГІисаца жаваб кьуна:
– Мун вуго Исраилил халкъалъул мугІалим. Дуда лъазе ккеларищ гьеб? 11ХІакълъун абулеб буго дица дуда: нижеца бицунеб буго нижедаго лъалебщинаб ва нижеда бихьарабщиналъе нугІлъи гьабулебги буго. Амма нижер нугІлъиялда нуж божулел гьечІо. 12Дуниялалъул ишазул хІакъалъулъ бицаралда божулареб мехалъ, зобалазул ишазул бицунилан божилищ нуж? 13Зобалазде цониги инсан щвечІо, гьениса рещтІарав ГІадамил Лъимер тун батІияв чи. 14ГІицІаб авлахъалда Мусаца пахьул борохь гІорол тІогьибе бахинабураб гІадин, ГІадамил Лъимерги борхатаб бакІалде вахинавизе вуго, 15гьесда божаравщинасе абадияб гІумру насиблъиялъе гІоло. 16Гьаб дуниял Аллагьасе гьедигІанги цІакъ бокьулеб буго: гьес цохІо вугев Вас гьаниве витІана, гьесда божанщинав чи хунгутІизе, гьезие абадияб гІумру насиблъизе. 17ГІаламалъе судги тамихІги гьабизе витІун гьечІо Аллагьас жиндирго Вас дуниялалде, гьесдалъун гІалам хвасар гьабизе витІун вуго. 18Гьесда божарасе тамихІ букІине гьечІо, амма божичІезе тамихІ гьанибго гьабун буго, Аллагьасул цохІо вугев Васасда гьел божичІелъул. 19Дуниялалде Нур бачІиналдалъун гьабуна гьеб суд. Амма гІадамазе Нур бокьичІо, бецІлъи бокьана, гьез гьарулел ишал квешал рукІиндал. 20Квешлъи гьабулевщинав чиясе Нуралъул канлъи бокьуларо ва канлъуде унаро, гьеб квешлъи къватІибе загьирлъилилан хІинкъун. 21ЛъикІлъи гьабулев чи канлъуде уна, жинца гьеб лъикІлъи Аллагьасе гІоло гьабураб букІин загьирлъизе.

 

ЯхІяца ГІисал хІакъалъулъ бицунеб буго

 

22Цинги ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Ягьудиялъул ракьалде ана, гьенив чІун гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана гьес. 23Гьеб заманаялда ЯхІяги вукІана Салималда аскІоб бугеб Эноналда. Лъим гІемераб бакІ букІиндал, гьенир лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца жиндихъего рачІарал гІадамал. 24ЯхІя жеги гвандинив тІамилалде заман букІана гьеб.
25ЯхІял муридазулги цо ягьудиясулги дагІба ккана рацІцІалъизариялъул гІадаталда тІасан. 26ЯхІяхъе рачІун муридаз абуна:
– Я, Рабби! Иорданалъул добцояб рагІалда дуда аскІов вукІарав ва дуца жиндир хІакъалъулъ бицунеб букІарав чиясги лъадалъ ччун рахъулел руго гІадамал. Киналго гьесухъе рачІунел руго.
27Гьезие жавабалъе ЯхІяца абуна:
– Зобалаздасан кьун гьечІони, инсанасе щибниги щоларо. 28Нужеда рагІанагури добмехалъго дица дун МасихІ гурин, гьесдаса цеве витІарав чи вугилан абулеб. 29БахІарав вуго бахІаралъул бетІергьан, бахІарасул гьудулин абуни бахІарай ячине гьев вачІинегІан чІезе ккола, ва, гьев вачІунев рагІарабго, вохуца холев вукІине ккола. Гьедин гьанже дунги кутакалда вохун вуго гьев вачІиналдаса. 30Гьев кІодолъизе ккола, дун гьитІинлъизе ккола. 31Зобалаздасан вачІарав киназдасаго тІадегІанав вукІуна. Ракьалда вижарав ракьалдаго хутІула, дуниялалъул ишазул хІакъалъулъ букІуна гьесул бицунеб рагІиги. Зобалаздаса вачІарав киназдасаго тІадегІанав вукІуна. 32Гьес бицунеб буго жиндаго бихьаралъулги рагІаралъулги. Амма гьес бицаралда щивниги божулев гьечІо. 33Гьесда божарав чияс Аллагь хІакъав вукІин чІезабула. 34Аллагьас витІарасул кІалдиб буго Аллагьасул калам, БетІергьанас Илагьияб РухІ гьарзаго лъугьинабун бугелъулха гьесулъе. 35Инсуе вас вокьула ва тІолабго кверщел гьесухъе кьола. 36Васасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъила. Васасухъ гІенеккичІесда абадияб гІумру бихьиларо, Аллагьасул ццин бахъин тІаса инаро гьесдаса.

 

4 бетІер

 

ГІисалги самариялъулги гара-чІвари

 

1-3Фарисеязда рагІана ЯхІяхъеялдаса цІикІкІун гІадамал лъадалъ ччун рахъизе ГІисахъе унел ругилан. (ХІакъикъаталдайин абуни, жинцаго ГІисаца гьабулароан гьеб иш, муридаз гьабулаан.) Гьеб лъайдал ГІиса Ягьудиялдаса тІадвуссун Галилеялде ана. 4Самариялъул ракьалдасан ине кколаан гьел. 5Якъуб аварагас жиндирго вас Юсупие кьураб хуралда аскІоб бугеб Сихар абулеб Самариялъул цо шагьаралде щвана. 6Якъубилго букІараб цо гъуялъухъе щведал, сапаралда свакарав ГІиса гьенив гІодов чІана. Гьеб букІана къалъул гІуж. 7Цо самарияй ячІана гъуялъуса лъел цІезе.
– Гьекъезе лъим кье, – ян абуна гьелда ГІисаца. 8(Гьесул муридал квен-тІехалда хадур шагьаралде ун рукІана.)
9Самариялъ гьесда абуна:
– Мун жугьутІавлъидал, дуца дида – Самариялъул гІаданалда – лъим гьаризе бегьилищ? (ЖугьутІазги самариязги хІатта цо гулгун-парччиялъусан лъимцин гьекъолароан.)
10ГІисаца гьелда абуна:
– Аллагьасдасан насиблъулеб сайигъатги лъалебани ва лъим кьейилан дуда гьарулев вугев чи щивалиги лъалебани, дуцаго гьарилаан гьесда лъим кьейилан, ва гьес дуе кьелаан чІаголъиялъул лъим.
11Гьей гІаданалъ ГІисада абуна:
– Я, бетІерчІахъад, духъ гел гьечІогури, гьаб гъуйги гъваридаб буго. Киса дуе чІаголъиялъул лъим щвезе бугеб? 12Нилъер кІудияв эмен Якъубидасаги кутакав чийищха мун? Гьесдасан нижее ирсалъе хутІараб гьаб гъуялъуса лъим гьесги гьекъолаан, гьесул лъималазги гьекъолаан, гьесул боцІи-панзалъги гьекъолаан.
13ГІисаца абуна:
– Гьаб гъуялъуса лъим гьекъарав чи нахъеги къечола. 14Амма дица кьураб лъим гьекъарав чи абадул абадиялъ къечезе гьечІо. Дица кьураб лъим гьесул рекІелъ иццлъун лъугьина. Гьеб иццул лъадал чвахиялъ абадияб гІумру насиблъизабула.
15Гьей гІаданалъ ГІисада абуна:
– Дие кье, бетІерчІахъад, гьеб лъим. ТІокІай дун киданиги къечеларо ва гьание лъел цІезе ячІине ккеларо.
16Дурго росги вачун ячІайилан абуна ГІисаца гьелда. 17Жиндир рос гьечІилан абуна гьелъ. ГІисаца гьелда абуна рос гьечІилан абураб рагІи дур битІараб бугилан. 18Щуго рос вукІана дур. Амма гьанже вугев чи дур рос кколаро, гьеб цІакъ битІун абуна дуца. 19Гьей гІаданалъ абуна:
– Мун авараг вукІин бихьулеб буго, бетІерчІахъад, дида. 20Нижер умумул гьаб магІарде рахунаан Аллагьасе тІагІат-гІибадаталъе. Нужер жугьутІаз абулеб буго тІагІат-гІибадаталъе Иерусалималде рачІине кколилан.
21– Мун дида божа, – ян абуна ГІисаца гьелда. – Цо заман бачІина Инсуе суждаялда чІезе я гьаб магІарде рахине кколареб, я Иерусалималде ине кколареб. 22Нужеда лъаларо лъие нужеца сужда гьабулеб бугебали. Нижер жугьутІазда лъала лъие сужда гьабулеб бугебали, гІаламалъе хвасарлъи жугьутІазда гьоркьосан бачІунелъул. 23Цо заман бачІина хІакълъунго Аллагьасда божулел гІадамаз хІакъаб нухдасан ун, Илагьияб РухІалдалъун Инсуе сужда гьабулеб. БачІунго буго гьединаб заман. Гьединал божулел чагІи ралагьулел руго нилъер Инсуца. 24Аллагь – гьев ккола РухІ. Гьединлъидал хІакъаб нухдасан ун, РухІалдалъун гьабизе ккола гьесие сужда.
25Гьей гІаданалъ абуна:
– Дида лъала Христосилан абулев МасихІ вачІине вукІин. Гьев вачІараб мехалъ, гьес бицина нижеда кинабго.
26ГІисаца гьелда абуна:
– Гьанив дуда кІалъалев вугев дун ккола гьев.
27Гьебмехалъ тІаде щварал ГІисал муридал гІажаиблъана самариялда гаргадилев гьев ватидал. Амма гьесда лъицаниги гьикъичІо щиб дуе къваригІун букІарабилан, щиб бицун мун гьелда гаргадулев вугевилан. 28ГІеретІги гьениб тун, шагьаралдеги ун, дой гІаданалъ гІадамазда абуна:
29– Рилълъа, нужедаго цо чи вихьизе. Гьес бицана дир гІумруялда жаниб ккарабщинаб жо. МасихІцин гуродай дов?
30Гьев вихьизе ине къватІире рахъана шагьаралъул гІадамал.
31Гьел тІаде щвелалде, муридаз ГІисада абуна:
– Кванай, МугІалим, – ан.
32Гьес гьезда абуна:
– Нужеда лъалареб квен буго дихъ, – ан.
33Цо лъицаниги квенциндай гьасие бачІарабилан гаргадизе лъугьана гьел. 34ГІисаца гьезда абуна:
– Дир квен ккола дун витІарав Аллагьасул амру тІубазаби ва гьесул иш рагІалде бахъинаби. 35Нужеца абила хур лъилъизе жеги ункъониги моцІ хутІун бугилан. Гьале дица нужеда абулеб буго: лъикІго бер щвезабе хурзабахъе, хІалухъен тІогьиллъун буго ва гьеб лъилъизе заман щун буго! 36Лъилъарухъанасе лъикІаб мухьги щвела ва абадияб гІумруялъе бачІинги бакІарила. Бекьаравги лъилъаравги – кІиявго – вохила гьелдаса. 37ЦІакъ битІараб кици буго, цояс бекьулин, цогидас лъилъулин абураб. 38Дица нуж ритІула нужецаго бекьичІеб хур лъилъизе. Цогидаз захІмат баччун гІезабураб хІалухъеналдаса пайда босула нужеца!
39Жиндир гІумруялда жаниб ккарабщинаб жо лъанин гьесдайилан дой гІаданалъ бициндал, гьеб шагьаралдаса гІезегІанго самариял божана ГІисада. 40Гьесда тІаде щведал, самарияз ГІисада гьарана жидер шагьаралда чІайилан. КІиго къо бана гьес гьениб. 41ГІисал рагІабазухъ гІенеккидал, дагьалги цІикІкІана гьесда божулел гІадамал. 42Гьез дой гІаданалда абуна дуца бицаралдалъун гурин ниж гьанже божарал, нижедаго рагІаралдалъун божанилан ва хІакълъунго гІалам хвасар гьабизе вачІарав чи гьев вукІиналда ракІги чІанилан.

 

ГІисаца цо хІакимасул вас сахлъизавула

 

43КІиго къоялдасан ГІиса гьениса Галилеялде ана. 44ГІисаца абун букІана жиндирго инсул ракьалда аварагасул къадру-къимат гьабуларилан. 45Амма Галилеялде щведал, роха-хинлъун къабул гьавуна ГІиса гІадамаз. Гьелги рукІиндал дора Иерусалималда доб байрамалда, гьездаги рихьидал дора гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал.
46Нахъеги ГІиса ана гьес лъим чагъиралде сверизабураб Галилеялъул доб Кана шагьаралде. Гьенив вукІана парччахІасул хІакимлъун вугев цо чи. Гьесул вас вукІана Капернаум шагьаралда захІматго унтун. 47ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссун вугилан рагІидал, гьесда аскІове вачІана дов чи, хвалде ккун унтун вугев жиндир вас сахлъизавизе жинда цадахъ Капернаумалде вилълъайилан гьаризе. 48ГІисаца гьесда абуна:
– МугІжизаталги гІаламаталги рихьизаричІони, божуларел гІадамал руго нуж!
49ПарччахІасул хІакимас гьесда абуна:
– Я, бетІерчІахъад, дир вас хвелалде вилълъа.
50ГІисаца гьесда абуна:
– Дурго рокъове а гьанже. Дур вас хвезе гьечІо, – ян.
ГІисал гьеб рагІудаги божун, нахъе ана гьев чи. 51Нухдаго данде ккана вас сахлъанилан бицине рачІунел рагьтІателал. 52Кида гьев сахлъаравилан гьас гьикъидал, рагьтІателаз абуна къалъудаса сагІат араб мехалъ васасул цІа-кан бичанилан. 53ХІисаб гьабураб мехалъ, битІун гьеб заманаялда абун батана ГІисаца гьесда дур вас хвезе гьечІилан. Гьелдаса нахъе гьесги гьесул рукъалъул агьлуялъги иман лъуна. 54ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссаралдаса хадуб загьирлъараб кІиабилеб мугІжизат букІана гьеб.

 

5 бетІер

 

ГІисаца сахлъизавула 38 соналъ унтун вукІарав чи

 

1Гьелдаса хадуб жугьутІазул цо байрамалде Иерусалималде вачІана ГІиса. 2Иерусалималъул «ГІиял кавудахъ» буго жугьутІазул мацІалда Бетцата абулеб цо хІавуз. ЧІахІиял хІубалги чІван гьабураб щуго рагъиги буго гьеб хІавузалда сверун. 3Гьел рагъабазда регун рукІунаан унтаралги, бецалги, рекъалги, палижалъ ккуралги гІемерал гІадамал. [2]4-5 Гьенив вукІана лъебералда микьго соналъ унтарав цо чи. 6ГІисадаги вихьана гьев. Халат заманаялъ унтарав чи гьев вукІин лъайдал, ГІисаца гьесда гьикъана сахлъизе бокьилищилан. 7Унтарас жаваб кьуна:
– Я, бетІерчІахъад! Лъим гьелчараб мехалъ, дун хІавузалъуве вегьизе чи гьечІо дида цадахъ. Дунго гьениве лъугьинилан кида тІаде ворханиги, цогидав ккун ватула дидаса цеве.
8ГІисаца гьесда абуна:
– ТІаде вахъа! Дурго турутги босун, рокъове а, – ян.
9ГьебсагІатго сахлъана гьев чи. Жиндирго турутги босун унев вукІана. Гьеб букІана шамат къо. 10Гьединлъидал ягьудияз гьесда абуна жакъа шамат къоялъ дуца турут кодоб ккун баччизе бегьуларилан. 11Жив сахлъизавурав чияс турутги босун айилан абунин жиндайилан жаваб кьуна гьес.
12– Турутги босун айилан лъица дуда абураб? – ан гьикъидал, 13жаваб кьун бажаричІо гьесухъа. Гьесда лъалеб букІинчІо дов щивали. Гьенир рукІарал гІадамазул руккалилъе лъугьун ун вукІана ГІиса гьебмехалъ. 14Цинги ГІисада гьев чи Мукъадасаб Рокъов ватана.
– Гьелеха, сахлъун вуго мун гьанже, – ян абуна гьесда ГІисаца. – Мунагьалдаса цІунун чІа гьанжеялдаса нахъе, дагьабги квешаб ккезе гурин дуе.
15Инеги ун ягьудиязда бицана гьес ГІисаца сахлъизавунин живилан. 16Гьелдаса хадуб, шамат къоялъ гьединаб иш гьабунилан, ГІисае рахІат толеб букІинчІо ягьудияз. 17ГІисаца гьезда абуна:
– Дир Инсулги гьечІо чІараб сагІат, дунги гьесда релълъун вуго.
18Шамат къоялъул къанун хвезабураб гІечІого, гьес Аллагь жиндирго эменлъун рикІкІунев вугилан, Аллагьасда живго ващалъизавулевги вугилан, гьез гьанже дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана ГІиса чІвазе.

 

Инсуца гьабураб гьабула Васасги

 

19Гьелда дандеги ГІисаца абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: живго лъикІав лъугьун Васасда щибниги гьабизе кІоларо, Инсуца гьеб иш гьабулеб гьесда бихьулеб гьечІони. Инсуца гьабураб гьабула Васасги. 20Инсуе вас вокьула, ва Инсуца гьесдаги рихьун гьарула жиндирго киналго ишал. Дагьалги кІудиял ишал рихьизарила Инсуца гьесда, гьебмехалъги гІажаиблъила нуж. 21Инсуца гІадамал хваралъуса рахъинарун, чІаголъизарулел гІадин, Васасги чІаголъизарула жиндиего чІаголъизаризе бокьарал чагІи. 22Инсуца лъиениги суд гьабулеб гьечІо, суд гьабизе ихтияр гьес Васасухъе кьун буго. 23Инсуе бокьун бугелъул Жиндирго гІадаб къадру-къимат гІадамаз васасулги гьабизе. Васасул къадру-къимат гьабуларев чияс гІаламалъухъе гьев витІарав Инсулги къадру-къимат гьабизе гьечІо.
24ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІухъ гІенеккарав ва дун витІарав Аллагьасда божарав чиясе абадияб гІумру насиблъула, суд гьабичІого, тамихІ гьечІого ворчІана гьев хваразулъа чІагоязулъе – абадияб гІумруялъулъе. 25ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул Васасул гьаракь хвараздаги рагІулеб ва гьеб рагІараб мехалъ гьел тІаде рахъунеб заман бачІина, бачІунго буго гьединаб заман. 26Инсухъ буго инсанасда рухІ лъезабиялъул кверщел. Гьес Васасухъеги кьун буго инсанасда рухІ лъезабизе кверщел. 27Суд гьабизеги ихтияр кьун буго Васасе – гьев ГІадамил Лъимер вугелъул. 28Нуж хІикмалъуге гьелда, киналго хабалъ ругезда Аллагьасул Васасул гьаракь рагІулеб заман бачІине буго: 29лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила.

 

Инсуца Васасе нугІлъи гьабулеб буго

 

30Дунго лъикІав лъугьун дида щибниги гьабизе кІоларо. Аллагьасухъ гІенеккун гьабулеб буго дица суд. Дир судги ритІухъаб буго, – диего бокьухъе гурелъул дица суд гьабулеб бугеб, дун витІарав Аллагьасе бокьухъелъидал. 31Дицаго диего гьабулеб нугІлъи – гьеб кьучІаб букІинаро. 32Амма вуго дир хІакъалъулъ бицунев цоги НугІ. Дида лъала дир хІакъалъулъ Гьесул нугІлъи кьучІаб бугеблъи.
33Дир хІакъалъулъ цІехезе нужеца ЯхІяхъе гІадамал ритІун рукІанагури. РитІухъаб нугІлъи гьабуна гьесги. 34ГІадамазул нугІлъи къваригІарав чи гуро дун. Нуж хвасарлъизе гІоло бицунеб буго дица гьелъул. 35ЯхІя вукІана гІадамазе бакараб ва канлъи кьолеб чирахъ гІадинав чи. Цо дагьабго заманаялъ гьелъул канлъиялдаса рохизе бокьун букІана нужее. 36ЯхІяца гьабураб нугІлъиялдасаги кІудияб нугІлъи буго дихъ, нуж божизаризе кІолеб. Дица тІуразареян Инсуца дида тІадкъарал ва гьанже дица тІуразарулел ругел ишаз жидецаго нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ. Дун Инсуца витІун вукІиналъе нугІлъи гьабула гьез. 37Дун витІарав дир Инсуцаги нугІлъи гьабулеб буго дие пайдаялъе. Нужеда лъиданиги я рагІичІо, я вихьичІо гьев киданиги. 38Гьесул рагІиги нужер рекІелъ хутІуларо, гьес витІарасда божулел гьечІелъул. 39Нужеца ТІухьдул цІалула, гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъилилан ракІчІун бугелъул. Гьеле гьел ТІухьдузги нугІлъи гьабула дир хІакъалъулъ. 40Абадияб гІумру насиблъизе букІине дихъе рачІине кинго бокьулеб гьечІо нужее.
41ГІадамазул рецц-бакъ къваригІарав чиги гуро дун. 42Амма дида нуж лъала ва нужер рекІелъ Аллагьасде рокьи гьечІеблъиги лъала. 43Дир Инсуца витІун вачІарав дун нужеца къабул гьавулев гьечІо. Живго вахъун цо пуланав чи вачІани, нужеца гьев къабул гьавила. 44Цоцазул рецц бокьулел нуж гІадинал гІадамаз иман лъелищ, цохІо Аллагьасдасан щолеб баркат тІалаб гьабулеб гьечІелъул нужеца. 45Амма нужеда ракІалде ккоге Инсуда цере дица нужеда гІайиб чІвалилан. Сундулго рахъалъ нужеца хьул гьабулев Мусацагицин гІайиб чІвала нужеда. 46ХІакълъун нуж Мусада божулел рукІаралани, дидаги божилаан нуж. Гьесги хъван тун букІиндалха нужее дир хІакъалъулъ. 47Гьес хъваралда божуларел нуж, дица бицаралда божилищ?

 

6 бетІер

 

ГІисаца щуазарго чи гІорцІизавула

 

1Цо заманаялдасан ГІиса Галилеялъул (Тибериадаялъул) ралъдал добцояб рахъалде ана. 2ГІемераб халкъ бачІана гьесда хадуб гьенибеги, унтарал сахлъизарун гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал рихьулел рукІиндал. 3ГІиса цо магІарде вахана ва жиндирго муридазда цадахъ гьенив чІана. 4ЖугьутІазул Пасхаялъул байрам тІаде щолеб букІана.
5Сверухъ валагьидал, гІемераб халкъ жинда аскІобе бачІунеб бихьун, ГІисаца Филиппида гьикъана гьавгощинав чи кваназавизе чед кисадай нилъеца босилебан. 6(Филиппил хІалбихьизе гьикъана ГІисаца гьедин. Гьесда лъалеб букІана щиб гьабилебали.) 7Филиппица абуна кІинусго динаралде босараб чедгицин гІеларин гьал гІадамал кваназаризе, кигІан гьитІинаб мочІу кьуниги. 8Симон Пётрил вац Андрейица абуна ГІисада 9гьаниб цо васасухъ бугин пурчІинадул ханждал щуго чедги кІиго гьитІинабго ччугІаги, амма гьаб халкъалъе гьеб кисайин гІелебилан.
10ГІисаца абуна гьел киналго гІодор чІезарейилан. ЦІакъ хер керчаб бакІ букІана гьеб. Гьенир харда тІад гІодор чІана щуазаргогІанасев бихьинчи. 11ГІисаца чед цебе босана, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун бикьана кваназе гІодор чІарал гІадамазе. БокьарабгІан чедги ччугІаги щвечІев чи хутІичІо гьенив цониги. 12Киналго гІорцІараб мехалъ, ГІисаца муридазда абуна, гІадада хвезе течІого, кванан хутІарал чадил кескал ракІарейилан. 13ПурчІинадул ханждал щуго чадил нахъе хутІун ратана анцІила кІиго гьегь цІурал кескал. 14ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна:
– ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг.
15Ккун вачун, гьез жидерго парччахІлъун гьавизехъин вукІин лъайдал, ГІиса нахъеги магІарде ана, щивниги цадахъги вачинчІого.

 

ГІиса лъеда тІасан вилълъун вачІуна

 

16Бакъанимехалъ муридал ралъдал рагІалде ана. 17Росодаги рекІун, гьел ралъдал добцояб рахъалда бугеб Капернаумалдехун ралагьун ана, дуниял рукІкІунеб мехалъги ГІиса вачІинчІелъул. 18Ралъдада кутакаб гьури пуйзе байбихьана. 19Гьедин рагІалдаса щуго-анлъго километралъ жанирегІан щвараб мехалъ, лъеда тІасан вилълъун вачІун росода аскІове щолев вихьана гьезда ГІиса. ГІасиго хІинкъана гьел.
20– ХІинкъуге, дун вуго, – ян абуна ГІисаца гьезда.
21Гьевги росониве лъугьинавизе бокьун букІана гьезие, амма гьебсагІатго раса ралъдал рагІалде щун батана.

 

ГІадамал ГІиса валагьизе рачІуна

 

22Ралъдал добаб рагІалда хутІун рукІарал гІадамаз нахъисеб къоялъ бицана, нолъ гьаниб цо гурони расаги букІинчІин, жиндирго муридазда цадахъ ГІиса росода рекІуневги вихьичІин, гьесул муридал жалго анин. 23Тибериадаялдаса, русбузда рекІун, гІемерал гІадамал рачІана, тІаде дугІаги гьабун, ГІисаца чед гІемерлъизабураб бакІалде. 24Амма гьенир я ГІиса, яги гьесул муридал ратичІеб мехалъ, русбуздаги рекІун, Капернаумалде ана гьел, ГІиса валагьизе.

 

«Дун вуго гьеб чІаголъи кьолеб чед»

 

25Ралъдал добцояб рагІалда гьев ватараб мехалъ:
– Я, Рабби, мун кин гьаниве вачІарав? – ан гьикъана гьез.
26ГІисаца гьезда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир мугІжизатал ричІчІидал гуро нуж гьанире рачІун ругел, доб чед кванан, гІорцІидал рачІун руго. 27ТІагІунеб-холеб квен тІалаб гьабичІого, нужеца тІалаб гьабе абадияб гІумруялде нуж рачине бокьун ГІадамил Лъимаца нужее кьолеб бугеб тІагІунареб-холареб квен. Жиндирго Инсул – Аллагьасул баркаталъул мугьру буго ГІадамил Лъимада.
28Аллагь разилъизе жидеца щиб гьабизе кколебилан гьикъана гьез ГІисада. 29ГІисаца жаваб кьуна:
– Аллагь разилъизе нуж божизе ккола гьес нужехъе витІарав чиясда.
30– Ниж дуда божулеб кинаб гІаламат дуца нижеда бихьизабилеб? Щиб дуда гьабизе кІолеб? – ан гьикъана гьез ГІисада. 31– ГІицІаб авлахъалде ккедал, нилъер умумуз кваналаан зобалаздасан рещтІараб нигІмат. «Зобалаздасан рещтІинабун чед кьуна гьес гьезие», – абун хъван буго гьелъул хІакъалъулъ.
32ГІисаца абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Мусаца гуро нужее зобалаздасан чед кьураб, амма дир Инсуца нужее кьолеб буго унго-унгояб зобалазулаб чед. 33Аллагьасдасан бачІараб чед ккола зобалаздасан рещтІараб ва гІаламалъе чІаголъи кьолеб чед.
34Гьез абуна:
– Я, БетІерчІахъад, кидаго кье гьединаб чед.
35ГІисаца абуна:
– Дун вуго гьеб чІаголъи кьолеб чед. Дихъе вачІарав киданиги вакъизе гьечІо, дида божарав киданиги къечезе гьечІо. 36Амма дица нужеда абичІищ, гІаламат бихьаниги, нуж дида божун гьечІилан. 37Инсуца дихъе кьуравщинав чи дихъе вачІина, дихъе вачІарав цониги чи дица нахъе гъеларо. 38Диего бокьараб гьабизе гурелъул дун зобалаздасан вачІун вугев, дун витІарав Аллагьасул амру тІубазабизелъидал. 39Гьесул амру буго духъе кьуразул цонигияв вилизе-тІагІине виччагейилан. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе ккола. 40Дир Инсуе бокьун буго Вас вихьаравщинав ва гьесда божаравщинав чиясе абадияб гІумру насиблъизе. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе вуго.
41Ягьудиял ГІисаде ццин бахъун гаргадизе лъугьана жив зобалаздасан бачІараб чед кколин абунин гьесилан. 42Гьез цоцазда абулеб букІана:
Юсупил вас ГІиса гурищ гьав чи? Нилъеда лъикІго лъалагури гьасул эменги эбелги. Гьале жив зобалаздасан вачІанилан вуго.
43– Щай нуж ццин бахъун гаргадулел? – ан абуна ГІисаца гьезда. 44– Цониги чи дида аскІове вачІине рес гьечІо, дун витІарав дир Инсуца гьев дихъе щвезавичІони. Дица гьев къиямасеб къоялъ чІаголъизавизе ккола. 45Аварагзабазул ТІухьдузда буго: «Гьезда киназдаго Аллагьас малъила», – ян. Дир Инсуца малъараб босаравщинав чи дида аскІове вачІуна. 46Дица абулеб гьечІо Эмен лъиданиги вихьанилан. Аллагьасдасан вачІарасда гурони, цо лъиданиги вихьичІо Эмен. 47ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: иман лъурасе абадияб гІумру буго.
48Дун вуго чІаголъи кьолеб чед. 49Нужер умумуз доб гІицІаб авлахъалда квана зобалаздасан рещтІараб нигІмат, амма гьел хвана. 50Гьанже зобалаздасан рещтІун буго гьеб кварав чи киданиги холареб чед. 51Дун вуго зобалаздасан рещтІараб ва чІаголъи кьолеб чед. Гьеб чед кварав чи абадул абадиялъ чІаго вукІина. Дица гьесие кьезе бугеб чед – гьеб буго гьаб гІалам чІаго букІине гІоло кьезе бугеб дир Черх.
52Гьебмехалъ ягьудиязда гьоркьоб кІудияб дагІба ккана жиндирго черх кинин гьас нилъее кваназе кьолебилан. 53ГІисаца гьезда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимадул Черхги квинчІони, гьесул Биги гьекъечІони, нужер гІумру букІине гьечІо. 54Дир Черхги кварав, дир Биги гьекъарав чиясе абадияб гІумру буго. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавила. 55Дир Черх буго хІакъаб квен, дир Би буго хІакъаб жа. 56Дир Черх кванарав ва дир Би гьекъарав чи дилъ вукІине вуго, дунги гьесулъ вукІине вуго. 57Щайгурелъул ЧІагояв Эмен – Аллагьас витІарав дун гьесдалъун чІаго вугев гІадин, дир Черх кванарав чи дидалъун чІаго вукІина. 58Гьеле гьединаб буго зобалаздасан рещтІараб чед. Нужер умумуз кванана чед ва гьел хвана. Амма гьаб чед кванарав чиясе абадияб гІумру буго.
59Гьеб хабар ГІисаца бицана Капернаумалъул синагогаялъуб.

 

«Дуцалъидал рицунел ругел хІакъал рагІаби»

 

60Гьеб рагІидал, ГІисал гІемерисел муридаз цоцазда абуна:
– Гьединаб жо букІине рес гьечІо! Лъица гьеб къабул гьабилеб? – ан.
61Жиндир хабаралъ муридал гьедин гаргадизе тІамун рукІин лъайдал, ГІисаца гьезда абуна:
– Гьадаб дир хабаралъ къварид гьарун ругоха нуж. 62Цеве живго вукІараб бакІалде ГІадамил Лъимер тІадвуссун унев вихьараб мехалъ щибдай нужеца абилеб? 63РухІалъ кьола чІаголъи. Амма инсанасул мунагьаб напсалъ чІаголъи кьоларо. Дир рагІабазулъан бачІуна нужехъе рухІги чІаголъиги. 64Амма нужеда гъорлъ руго гьелда божуларелги. (ГІисада цебеккунго лъалаан щив жинда божулев гьечІевали, щив жиндие хилиплъилевали.) 65ГІисаца абуна:
– Гьединлъидал гурищ цебеги дица нужеда абураб, лъиданиги кІоларин дихъе вачІине, дир Инсуца гьелъие рес рекъезабичІони.
66Гьелдаса хадур гІемерисел муридал нахъе ана ва тІокІал гьесда хадур инчІо. 67Гьебмехалъ анцІила кІиявго муридасда гьикъана ГІисаца нужееги нахъе ине бокьун гьечІебищилан. 68Симон Пётрица абуна:
– Я, БетІерчІахъад, лъихъе ниж инел? Дуцалъидал рицунел ругел абадияб гІумру насиблъулел рагІаби. 69Ниж божана ва нижеда бичІчІана мун Аллагьасул мукъадасав илчи вукІин.
70ГІисаца абуна:
– Дицалъидал нужер анцІила кІиявго чи тІаса вищарав. Амма нужеда гьоркьов цо илбисги вугевха!
71Гьес гьедин абулеб букІана Симонил вас Ягьуда Искариотил хІакъалъулъ. АнцІила кІигоясда гьоркьов вукІаниги, гьев хилиплъизе хъван букІана.

 

7 бетІер

 

ГІисаги гьесул вацалги

 

1Гьелдаса хадув ГІиса Галилеялъул росабалъе ва шагьаразде хьвадана. Ягьудиялде ине гьесие бокьичІо, – гьев чІвазе хІаракат бахъулеб букІиндалха ягьудияз. 2ЖугьутІазул Хъощал раялъул байрам тІаде щолеб букІана. 3Жиндирго вацаз ГІисада абуна:
– Гьаниса вахъун Ягьудиялде а дуца гьарулел ишал дурго муридаздаги рихьизе. 4Гьунар бугев чияс гьеб бахчуларо, гІадамазда бихьизабула. Гьединал хІикматал ишал гьаризе бугеб дурго гьунар гІаламалдаго бихьизабе.
5(Жиндирго вацалгицин божулел рукІинчІо ГІисада.)
6ГІисаца гьезда абуна:
– Дир заман жеги тІаде щун гьечІо, амма нужее бокьараб заман данде ккола. 7ГІаламалда нуж рихине рес гьечІо, амма дун гІаламалда рихун вуго. Дица нугІлъи гьабулеб бугелъул гІаламалъулго квешал ишазе. 8Байрамалде а нужго. Амма гьеб байрамалде дун вачІинаро, дир заман жеги тІаде щун гьечІо.
9Гьедин гьездаги абун, ГІиса Галилеялдаго чІана.

 

ГІиса Иерусалималде байрамалде вачІуна

 

10Амма вацал байрамалде индал, гІадамазда вихьиларедухъ, балъгого ГІисаги вахъана гьезда хадув къватІиве. 11Ягьудияз ГІиса валагьулев вукІана гьеб байрамалда.
– Дов чи кивдай вугев? – ан гьикъулеб букІана гьез. 12ГІадамазул руккалилъги гІемер бицунеб букІана гьесул хІакъалъулъ. ЛъикІав чи вугилан цояз абулеб букІана, гІадамал махсароде кколев чи вугилан цогидаз абулеб букІана. 13Амма балъго-гІатІго гурони ГІисал цІар бахъизе ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъулел рукІана гьел.
14Байрамалъул чанго къо индал, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьун вачІана ва вагІза-насихІат гьабизе байбихьана. 15Лъиданиги аскІове ун гІелму лъазабичІев чиясда ТІухьдузда бугеб кисандай лъанаян хІикмалъун рукІана ягьудиял. 16ГІисаца гьезда абуна:
– Гьаб гІелму дир гуро, дун витІарав Аллагьасул буго. 17Аллагьасул амру тІубазабизе бокьарав чиясда лъала гьаб гІелму дицаго ургъун бахъарабищ яги Аллагьасдасан бачІарабищали. 18Жинцаго ургъун бахъарабгун цеве вахъунев чиясул мурад букІуна жиндиего цІар-рецц гьаби. Жив витІарасе цІар-рецц гьабизе бокьарав чи ритІухъав вукІуна, гьереси гьесул букІунаро. 19Мусаца гурищ нужее къанун тараб? Амма нужер цонигияс цІунулеб гьечІо къанун. Щай нужеца дун чІвазе къасд гьабулеб бугеб?
20ГІадамаз ахІулеб букІана:
– Мун жундуз ккун вуго. Мун чІвазе къасд гьабулев чи щив вугев? – ан.
21ГІисаца абуна гьебмехалъ:
– Дица цохІо мугІжизат бихьизабуна, нуж киналго абуни жеги-жеги гьелда гІажаиблъун руго. 22Мусал къануналъ малъулеб буго сунат гьабеян. (Гьебги Мусадасан бачІараб гІадат гуро, гьесде щвезегІанго умумузул букІараб буго.) Шамат къоялъги гьабулагуриха нужеца сунат. 23Мусал къануналъ изну кьола нужее шамат къоялъцин сунат гьабизе. Шамат къоялъ чи дица тІуванго сахлъизавунилан щай нуж диде ццидалъ ругел? 24ТІасан балагьун кьоге къимат, хІакъикъатги цІехон кье.

 

МасихІ кколевищ ГІиса?

 

25Гьебмехалъ Иерусалималдаса цо-цо гІадамаз абуна:
– ЧІухІби-хІакимзабаз чІвазе валагьулев вугев чицин гурищ гьадав? 26Балагье, халкъалда цеве вахъун кІалъалев вуго, лъицаниги щибниги абулебги гьечІо гьесда. ЧІухІби-хІакимзабазда лъалеб батила хІакъикъаталдаги дов МасихІ вукІин. 27Амма нилъеда лъалагури дов кисаяли. ХІакъикъияв МасихІ вачІараб мехалъ, лъиданиги лъалеб рагІуларо гьев кисаяли.
28Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулаго, ГІисаца халкъалде ахІана:
– Нужеда дун лъала. Дун кисаялиги лъала. Амма дунго лъикІав лъугьун вачІарав чи гуро дун, хІакъав Аллагьас витІана дун. Нужеда Гьев лъаларо. 29Амма дида лъала Гьев: Гьесда аскІоса вачІана дун. Гьес витІана дун.
30Гьебмехалъ ГІиса кквезейилан лъугьана гьел, амма лъиданиги кІвечІо гьесда квер хъвазе. Гьелъие болжал щун букІинчІо. 31Халкъалъул руккалилъ рукІаразул гІемерисел божана ГІисада. Гьез абулеб букІана:
– МасихІ вачІараб мехалъ, гьесгицин рихьизарилищ нилъеда гьадигІан гІемерал мугІжизатал?
32ГІисал хІакъалъулъ гьедин абулеб рагІана фарисеязда. Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабазги фарисеязги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзаби ритІана ккун вачун гьевгун рачІайилан.
33ГІисаца абуна:
– ГІемераб заман хутІун гьечІо дие нужеда цадахъ вукІине, кватІичІого ина дунго витІарасда аскІове. 34КигІан валагьаниги, ватиларо гьебмехалъ нужеда дун. Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ.
35Гьеб рагІидал, ягьудияз цоцазда гьикъулеб букІана:
– Киве инедай гьасие бокьун бугеб? Нилъеда гьев ватулареб бакІгІаги щибдай? Греказул шагьаразда ругел дол нилъеразда аскІове инецин гуродай гьасда ракІалда бугеб, добаги жиндирго дин малъизе? 36«КигІан валагьаниги, ватиларо гьебмехалъ нужеда дун. Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ» – ан гьес абиялъул магІна щибдай?

 

«ЧІаголъиялъул лъадал лъарал чвахила»

 

37Байрамалъул ахирисеб бищунго хирияб къоялъ ГІисаца, халкъалде хитІаб гьабун, ахІана:
– Къечарав чияс дида аскІовеги вачІун, къеч буссинабе. 38ТІехьалда хъван бугебги ритІухълъун, диде иман лъурасул рекІелъан чІаголъиялъул лъадал лъарал чвахила.
39Жинде иман лъуразде рещтІине бугеб Илагьияб РухІалъул бицунеб букІана ГІисаца. Амма Илагьияб РухІ жеги рещтІун букІунаро, ГІиса жеги жиндирго кІодолъиялде щун вукІинчІелъул.

 

ГІисада тІасан дагІба-рагІи ккана гІадамазул

 

40Гьел рагІаби рагІидал, цо-цо гІадамал гаргадизе лъугьана хІакълъун гьав чи авараг вугилан. 41Цогидаз абулеб букІана гьав МасихІ вугилан. Галилеялда МасихІ вахъуневищилан абулел чагІиги рукІана. 42ТІехьалда бугин абулеб букІана гьез, Давудил наслуялда вахъинин МасихІ ва Давудил росулъ – Бетлегьемалда – гьавилин гьев. 43Гьедин ГІисал бицун дагІба-рагІи ккана гьел гІадамазда гьоркьоб. 44ГІиса ккун вачун жанив тІамизе бокьаралги рукІана гьенир. Амма гьесда квер хъвазе кІвечІо лъиданиги.

 

ЧІахІиял хІакимзабазул халкъалда ццин бахъуна

 

45ЧІахІиял кашишзабазухъеги фарисеязухъеги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзаби тІадруссун рачІараб мехалъ, ГІиса щай вачинчІевилан гьикъана гьезда. 46Хъаравулзабаз жаваб кьуна:
– Додин кІалъалев чи жеги киданиги рагІичІо нижеда, – ян.
47– Унго нужгийищха гьес гуккарал? – ан абуна фарисеяз. – 48ЧІухІби-хІакимзабазулги фарисеязулги цониги чи досда божун рихьанищ? 49Досда божула къануналъул хІакъалъулъ жидеда щибниги лъаларел жагьилал гІадамал, нагІана батагийин гьезие!
50Гьезда гьоркьов вукІана добмехалъ ГІисахъе ун вукІарав Никодемги. Гьес абуна:
51– Нилъер къануналда рекъон чиясда гІайиб чІвазе бегьулебищ, ахІун аскІовегун цин гьес бицунелъухъ гІенеккичІого ва гьесул ишалъул цІех-рехги гьабичІого?
52– Мунги Галилеялдаса ватила, – ян абуна гьесда гьез. – Цониги авараг Галилеялъул ракьалда вахъинилан хъван гьечІолъи дудаго бихьизе ТІухьдул цІале.
[ 53Цинги гьел рикьа-риххун рокъо-рокъоре ана.

 

8 бетІер

 

«Дицаги гьабиларо дуе тамихІ»

 

1Зайтуналъул магІарде ана ГІиса. 2Нахъисеб къоялъ радалго вачІана гьев Мукъадасаб Рокъове. ТІолабго халкъ бакІарана гьесда аскІобе. ГІодов чІун гьезие вагІза-насихІат гьабизе ГІисаги лъугьана.
3Диниял гІалимзабаз ва фарисеяз ГІисахъе ячун ячІана росасе хилиплъун, зина гьабулаго тІадккурай цо чІужугІадан. ГІадамазда цее яхъун чІезаюна гьез гьей. 4Цинги гьез ГІисада абуна:
– Я, МугІалим! Зина гьабулей ятана гьай гІадан. 5Мусаца жиндирго къануналда нижее амру гьабун буго гьадинал руччаби ганчІал речІчІун чІвазе кколин. Дуца щибилан абилеб?
6ГІисада гІайиб чІвазе рес ккелародайилан ургъунго кьураб суал букІана гьеб.
ГІодовеги къулун, чІарбида килщица цо щибалиго хъвалев вукІана ГІиса. 7Нахъеги гьез добго суал кьедал, тІаде ворхун, гьес абуна:
– Нужеда гьоркьоса цониги мунагь гьабичІев чияс речІчІе гьелда тІоцебе гамачІ.
8Нахъеги гІодовеги къулун, чІарбида хъвадаризе лъугьана гьев.
9Гьеб рагІидал, гьел цо-цоккун рахъун къватІире ана, чІахІияздасан байбихьун. ГІисаги гьесда цее эхетарай дой гІаданги хутІана гьенир. 10ТІаде ворхун, ГІисаца гьелда гьикъана:
– Йо, чІужугІадан, кире арал дол? Цониги чи хутІичІевищ дуе тамихІ гьабизе?
11– ХутІичІо, БетІерчІахъад, – абун жаваб кьуна гьелъ.
ГІисаца гьелда абуна:
– Дицаги гьабиларо дуе тамихІ. А дурго гьанже. Гьанжеялдаса хадуб тІокІаб мунагьги гьабуге.][3]

 

«Дун вуго гьаб дуниялалъул Нур»

 

12Гьадинаб вагІза-насихІатги гьабуна ГІисаца гьезие:
– Дун вуго гьаб дуниялалъул Нур. Дида нахъвилълъарав цониги чи бецІлъуда хьвадизе гьечІо. ГІумру гвангъизабулеб Нур гьесда цадахъ букІине бугелъул.
13Гьебмехалъ фарисеяз абуна:
– Дуцаго дуего гьабулеб бугеб дур нугІлъи кьучІаб букІунаро.
14ГІисаца абуна:
– Дицаго дирго хІакъалъулъ гьабулеб бугониги, гьеб нугІлъи кьучІаб буго, дида лъалелъул дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали. Нужеда лъаларо дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали. 15Нужеца суд гьабула гІадамаз гІадин, амма дица лъиениги суд гьабуларо. 16Дица суд гьабунигицин, гьеб ритІухъаб букІина, дун дунго цохІо гьечІелъул, дун витІарав Эменги вугелъул дида цадахъ. 17Нужер къануналдагицин хъван бугогури кІиго чиясул нугІлъи гІолилан. 18Дицаги гьабулеб буго диего нугІлъи, дун витІарав дир Инсуцаги гьабулеб буго.
19– Дур эмен кив вугев? – ан гьикъана гьесда.
ГІисаца жаваб кьуна:
– Я, дун, яги дир Эмен нужеда лъаларо. Дун лъалевани, дир Эменги лъалаан нужеда.
20Гьеб вагІза-насихІат ГІисаца гьабуна Мукъадасаб Рукъалъул азбаралъуб, садакъадул гІарац лъолеб гъансида аскІов вахъунги чІун. Лъицаниги кквечІо гьев, жеги гьелъие болжал щун букІинчІо.

 

«Дун араб бакІалде рачІине кІвеларо нужеда»

 

21Гьанжеги ГІисаца гьезда абуна:
– Дун нужеда аскІоса ине вуго. Дун валагьулел рукІина нуж, амма гьедин мунагьазул цІовухъе хвела, дун араб бакІалде рачІинеги кІвеларо нужеда.
22Ягьудияз абуна:
– Живго жинцаго чІвазехъинцин вугодай? Дун араб бакІалде рачІине нужеда кІвеларинги абулеб буго.
23ГІисаца гьезда абуна:
– Нуж руго гІодор рижарал, дун вуго тІасан вачІарав. Нуж руго гьаб дуниялалъул чагІи, дун гьаб дуниялалъул чи гуро. 24Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб нуж мунагьазул цІовухъе хвезе ругилан. Дов[4] – Дун вукІиналда божичІони, мунагьазул цІовухъе хвела нуж.
25– Мун щивха кколев? – ан гьикъана гьез.
ГІисаца гьезие жаваб кьуна:
– Дун щивали авалалдаса бахъарабго бицана дица нужеда. 26Нужер хІакъалъулъги гІемераб жо бицине кІвелаан дида ва суд гьабизеги кІвелаан. Амма дица гьаб халкъалъе бицунеб буго дун витІарав Аллагьасдасан рагІарабщинаб. ЦІакъ ритІухъавин гьев вугев!
27Гьезда бичІчІичІо Инсул хІакъалъулъ бицунеб букІин. 28Цоги ГІисаца абуна:
ГІадамил Лъимер борхатаб бакІалде вахинавидал, лъала Дов – Дун вукІин, дунго лъикІав лъугьун дица щибниги гьабулеб букІинчІеблъи, дир Инсуца дида малъухъе дица нужедаги бицунеб букІараблъи. 29Дун ВитІаравги дунгун цадахъ вуго. Гьес дун дунго цохІо течІо, гьев разилъулебщинаб иш гьабулеб бугелъул дица кидаго.
30ГІисаца гьедин абидал, гІемераз иман лъуна гьесде.

 

«Мунагь гьабурав чи ккола мунагьалъул лагъ»

 

31Жинде иман лъурал ягьудиязда ГІисаца абуна:
– Дир рагІи нужеца рекІелъ цІунани, унго-унгоял дир муридал рукІина нуж. 32ХІакъабщинаб лъала нужеда, ва гьелъ нуж тархъан гьарила.
33Гьез абуна:
– Ниж Ибрагьимил наслу буго, лъилниги лагъзаллъунги рукІинчІо киданиги. Ниж тархъан гьарилин абураб рагІиялъул магІна щиб?
34ГІисаца жаваб кьуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: мунагь гьабуравщинав чи ккола мунагьалъул лагъ. 35Масала, цо пуланав лагъ жиндирго бетІергьанасул рокъов кидаго гуро вукІунев, амма вас инсул рокъов кидаго вукІуна. 36Васас тархъан гьаруни, хІакъикъаталдаги тархъанлъила нуж. 37Дида лъала нуж Ибрагьимил наслу букІин. Амма нужеца дун чІвазе къасд гьабулеб буго, дир рагІи нужер ургьибе унеб гьечІелъул. 38Дица нужеда малъулеб буго дир Инсуда аскІоб дида бихьараб къагІидаялъ. Нужецайин абуни гьабулеб буго нужерго инсудасан рагІараб къагІидаялъ.
39– Нижер эмен Ибрагьим вуго, – ян абуна гьез.
ГІисаца абуна:
– Нуж Ибрагьимил лъимал рукІаралани, Ибрагьимица гьабураб гьабилаан нужеца. 40Нужецани дун – Аллагьасдасан рагІараб хІакъаб рагІи нужеда бицарав чи – чІвазе къасд гьабулеб буго. Амма Ибрагьимица гьединаб иш гьабичІо. 41Нужерго инсуца гьабураб гьабулеб буго нужеца.
Гьез абуна:
– Ниж зинаялдасан ккарал гуро. Нижер цо эмен вуго – Аллагь!
42ГІисаца гьезда абуна:
– Нужер эмен Аллагь вукІаравани, нужее дун вокьилаан. Дун Аллагьасдасан вачІун рещтІарав вугелъул гьаниве. Дунго лъикІав лъугьун вачІинчІо дун, гьес витІун вачІана. 43Нужеда дир рагІи бичІчІулеб гьечІо, нужеда гьеб рагІизе рес гьечІелъул. 44Илбис буго нужер эмен. Нужер эменлъун кколеб илбисалъулаб тІубазабулеб буго нужеца. БачІинго сундасан букІараб илбисалъул? Чи чІваялдасан гурищ? РитІухълъиялъул рахъги кквечІо гьелъ, ритІухълъи гьелъулъ жиндилъго гьечІелъул. Гьереси – гьелъул кІалдиб ругьунаб мацІ буго, тІолабго гьересиги гьелдасан бачІараб бугелъул. 45Дида нуж божулел гьечІо, дица битІараб бицунеб бугелъул. 46Нужер цониги чиясда кІвелищ мунагь бугин дидайилан абизе? Дица битІараб бицунеб бугеб мехалъги щай нуж дида божуларел? 47Аллагьасдасан вачІарав чи Аллагьасул рагІухъги гІенеккула. Нуж Аллагьасдасан ругелал гурелъул, нуж гІенеккулел гьечІо.

 

ГІисаца Ибрагьимил хІакъалъулъ бицуна

 

48Ягьудияз гьесда абуна:
– Мун самарияв вугин ва жундуз ккунги вугин абун нижеда гьоркьоб тІибитІун бугеб хабарги гьересийищха?
49ГІисаца гьезие жаваб кьуна:
– Дун жундуз ккун гьечІо. Дица дирго Эмен кІодо гьавулев вуго, нужецайин абуни, дун хІакъир гьавулев вуго. 50Амма дун рецц-бакъ къваригІарав чиги гуро. Дие рецц-бакъ гьабизе бокьаравги вугевха, гьес гьабила нужее суд. 51ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дир рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІо.
52Ягьудияз гьесда абуна:
– Гьанже тІубанго хІакълъана нижее мун жундуз ккун вугевлъи. Ибрагьим хвана, цогидал аварагзабиги хвана. Дуцани абулеб буго дур рагІи рекІелъ цІунаравщинав чи абадул абадиялъ хвезе гьечІилан. 53Нижер эмен Ибрагьимидасаги цІакъав чийищха мун кколев? Цогидал аварагзабаздасаги цІакъав чийищха? Ибрагьимги хвана, гьел цоялги хвана. Мун щив гьедигІан кутакав чи?
54ГІисаца жаваб кьуна:
– Дицаго диего рецц-бакъ гьабуни, гьеб букІина гІададисеб чІанда-хабар. Нижер Аллагьилан нужеца абулев дир Инсуца гьабулеб буго дие рецц-бакъ. 55Нужеда киданиги лъалароан Гьев. Амма дида Гьев лъала. Дида Гьев лъаларилан дица абуни, дунги вукІина нужеда релълъарав гьерсихъан. Дида Гьев лъала ва Гьесул рагІи рекІелъ цІунун буго дица. 56Нужер эмен Ибрагьим цІакъ вохана, дун вачІараб къо бихьидал. Гьесда бихьана дун вачІараб къо ва гьелдаса вохана.
57Гьебмехалъ ягьудияз гьесда абуна:
– Жеги кІикъоялда анцІго сонцин бачІев дуда Ибрагьим кин вихьулев?
58ГІисаца гьезда абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: жеги Ибрагьим авараг вахъиналдего вукІана дун.
59Гьесда речІчІизе ганчІал кодоре росана гьебмехалъ ягьудияз. ГІиса гІадамазул руккалилъ вахчана ва Мукъадасаб Рокъоса къватІиве ана.

 

9 бетІер

 

ГІисаца бецав чиясда канлъи бихьизабула

 

1Гьениса унаго ГІисада ватана эбелалъ гьавуралдасаго бецав цо чи. 2ГІисада муридаз гьикъана, гьев чиясул мунагь букІунищ яги гьесул эбел-инсул мунагь букІунищ эбелалъул ургьивго гьев бецав вугев. 3ГІисаца абуна:
– Я гьев чиясул, яги гьесул эбел-инсул мунагь букІун гуро гьев бецлъарав, Аллагьасул къудрат гьесдалъун загьирлъизе бецлъана гьев. 4Дун витІарав Аллагьас тІадкъараб иш, бакъ цебе букІаго, тІубазе ккола нилъеца. ТІаде щолеб буго лъиданиги щибниги гьабизе кІолареб сордо. 5Гьаб дуниялалда дун вугебгІан заманаялъ гьаб дуниялалъе Нур ккола дун.
6Гьединги абун, ГІисаца ракьалде туна, хІацІуца хІурги буцун, гьеб бахана бецасул беразда. 7Цинги ГІисаца гьесда абуна:
– ШилоахІ («Чапар» абураб магІна ккола гьелъул) хІавузалъухъеги ун, гьумер чуре дурго, – ян.
Гьениб гьумер чурарабго беразда канлъиги бихьун, тІадвуссун вачІана гьев чи. 8Гьесул мадугьалзабазги къватІахъ гьарделев гьев вихьаразги цоцазда гьикъулеб букІана дова садакъа гьарулев вукІарав бецав чи гурищ гьавилан. 9Уйилан абулеб букІана цо-цояз, цогидаз абуна дов гурин, досда релълъарав чи вугилан. Жив вугин гьевилан абуна гьес.
10– Кинха дуда канлъи бихьараб? – ан гьикъана гьез гьесда.
11Гьес жаваб кьуна:
– Цо ГІиса абулев чияс жиндирго хІацІуца буцун хІур бахана дир беразда. Цинги гьес дун ШилоахІ хІавузалъухъе гьумер чуризе витІана. Гьениб гьумер чурарабго, дир беразда канлъиги бихьана.
12Гьев чи кив вугевилан гьикъидал, жинда лъаларилан абуна гьес.

 

«Дур бецал беразда канлъи кин бихьараб?»

 

13Бецав вукІун канлъи бихьарав гьев чи фарисеязухъе вачана гьез. 14(ХІацІуца хІурги буцун, гьесул беразда ГІисаца канлъи бихьизабураб къо шамат къо букІана.) 15Фарисеязги гьикъана гьесда дур бецал беразда канлъи кин бихьарабилан. Гьес гьезда бицана хІацІуца буцун хІур баханин дос жиндир беразда ва гьумер чурараб мехалъ канлъиги бихьанилан. 16Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал, 17дов бецав вукІун канлъи бихьарав чиясда гьикъана гьез нахъеги:
– Дур бецал беразда канлъи бихьизабурав чиясул хІакъалъулъ щиб дуца абилеб?
Авараг вугин довилан кьуна гьес жаваб.
18Ягьудиязе бокьун букІинчІо бецав вукІун гьев чиясда канлъи бихьанилан абураб жоялда божизе. Хадув чи витІун гьесул эбелги эменги ахІана гьенире. 19Цинги гьезда гьикъана:
– Эбелалъул ургьисаго бецав вукІанилан нужеца бицунев гьав чи нужер васищ? Гьасул беразда канлъи кин бихьарабали лъалебищ нужеда?
20Эбелалъги инсуцаги абуна нижеда лъала гьев чи нижер вас вугевлъи ва эбелалъул ургьисаго бецав вукІаравлъиги. 21Амма гьесда гьанже канлъи щай бихьулеб бугебалиги ва лъица гьев сахлъизавуравалиги нижеда лъаларо. Гьесда жиндаго гьикъе. Балугъав чи вуго, жинцаго бицине биччанте.
( 22Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазукьа хІинкъун абуна гьаз гьедин: гьез лъазабун букІиндалха, ГІисал рахъалъ МасихІ вугин гьевилан абурав чи синагогаялъуве виччазе гьечІилан. 23Гьединлъидалин гьаз абураб жидер вас балугъав чи вугин, гьесда жиндаго гьикъейилан.)
24Ягьудияз нахъеги аскІове ахІун, гьесда абуна:
– Аллагьасда цебе гьереси бицунге! Нижеда лъарабин мун сахлъизавурав чи мунагьазул цІурав чи вугевлъи.
25Гьес абуна:
– Дида лъаларо мунагьазул цІурав чи вугевищ гьев яги гьечІевищали. Дида лъала цо жо: дун бецав вукІаравлъи ва гьанже дида канлъи бихьулеб бугеблъиги.
26Нахъеги гьикъана гьесда:
– Щиб дос дуе гьабураб? Кин дос дур беразда канлъи бихьизабураб?
27Гьес жаваб кьуна:
– Дица бицунеб мехалъ гІенеккунищ нуж рукІинчІел? Цоги нухалъ гьелъухъ гІенеккун щай нужее? Яги досул муридаллъун лъугьинейищ нужееги бокьун бугеб?
28– Нижни Мусал муридал руго. Мун вуго досул муридлъун лъугьун! – ан тІаделъана гьесде фарисеял. 29– Нижеда лъала Мусада Аллагь кІалъаравлъи, довин абуни, киса-щивалицин лъаларев чи вуго.
30Бецав вукІун канлъи бихьарас абуна гьезда:
– ХІикматаб жо буго нужеда дов киса-щивали лъалеб гьечІолъи. Амма дос дир беразда канлъи бихьизабуна. 31Нилъеда лъала мунагь-хІакъалъул агьлуялъухъ Аллагь гІенеккуларевлъи. Аллагь гІенеккула жиндие мутІигІав, жиндир амру тІубазабулев чиясухъ. 32Киданиги рагІун букІинчІо эбелалъул ургьисаго бецав чиясда лъицаниги канлъи бихьизабун бугилан. 33Дов чи Аллагьасдасан вачІарав вукІинчІевани, щибго гьабун бажарилароан досухъа.
34Эбелалъ гьавуралдасаго мунагьазул цІурав дуцагийищ нижее гІакълу кьолеб бугебилан, ццин бахъун, къватІиве гъуна гьез гьев.

 

РухІияб бецлъи

 

35Гьез къватІиве гъун вугилан рагІидал, ГІисаца гьев чи валагьана ва ГІадамил Лъимада мун божулищилан гьикъана. 36Гьес жаваб кьуна:
– Я, БетІерчІахъад, гьесда божизе ккани, цин гьев лъазе ккеларищ?
37ГІисаца гьесда абуна:
– Гьев дуда цевеги вихьана ва гьабсагІат дуда кІалъалевги вуго.
38– Я, БетІерчІахъад, дуда божула! – ян абуна гьев чияс ва гьебсагІат ГІисада цеве суждаялда чІана.
39ГІисаца абуна:
– Гьаб дуниялалде дун суд гьабизе вачІун вуго: бецазда канлъи бихьизе, канлъи бихьулелал бецлъизе.
40Гьедин абулеб мехалъ аскІор рукІарал цо-цо фарисеяз гьикъана жалги бецалищха ругелан. 41ГІисаца гьезда абуна:
– Нуж бецал рукІаралани, нужее мунагь букІинароан. Канлъи бихьулилан нужеца абулеб бугелъул, мунагь тІаса инаро нужедаса.

 

10 бетІер

 

Вехьасул мисал

 

1ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нуцІихъан гурони, цогидаб бакІалдасан гІиял чолониве лъугьарав чи ккола цІогьор яги хъачагъ. 2НуцІихъан вачІуна гьезул вехь. 3ВорчІухъанас гьесие нуцІа ричІула, чахъабазда гьесул гьаракь рагІула. Цо-цоккун щибалъул цІарги ахІун, вехьас чахъаби чолониса къватІире риччала. 4Жиндирго киналго чахъаби къватІире риччараб мехалъ, вехь рехъада цеве вилълъуна, чахъабиги гьесда хадур уна, гьезда гьесул гьаракь лъалелъул. 5Амма цогидав чиясда хадуб унаро рехъен, гьесда аскІоса лъутула чахъаби, чияр гьаракь гьезда лъаларелъул.
6Гьеб мисал бачун, ГІисаца сундул хІакъалъулъ бицунеб бугебали бичІчІичІо гьезда.

 

«Дун вуго лъикІав вехь»

 

7ГІисаца цоги абуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун вуго чахъабазул чолол кІалтІа бугеб нуцІа. 8Дун вачІиналде рукІарал киналго руго цІогьалги хъачагъалги. Гьединлъидал чахъаби гьезухъ гІенеккичІо. 9Дун вуго нуцІа. Гьеб нуцІа рагьаравщинав хвасарлъила, жанивеги ина, къватІивеги вачІина, квине жоги щвела. 10ЦІогьор вачІунаро – бикъизе, чІвазе, хвезабизе гурони. Дун вачІун вуго гІумру кьезе, гьарзаяб гІумру кьезе. 11Дун вуго лъикІав вехь. ЛъикІав вехьас чахъабазе гІоло рухІги кьола. 12-13Амма мухьдахъ ккурав вехь вехь гуро, чахъаби чияр ругелъул. БацІ рехъалъе бачІунеб бихьани, рехун гІиги тун, лъутун уна гьев. БацІ рехъалъ речІчІула, гІи рахъ-рахъалде лъутизабула, мухьдахъ ккурав вехьасе гьезул ургъел гьечІелъул. 14Дун вуго лъикІав вехь. Дида дирго чахъабиги лъала, дирго чахъабазда дунги лъала. 15Гьелдаго релълъун, дир Инсуда дунги лъала, дида Эменги лъала. Дица дирго рухІги кьела чахъабазе гІоло. 16Гьеб рехъалъ гьечІел цоги чахъабиги руго дир. Гьелги рачине ккола дица дирго рехъалъе. Гьелги гІенеккизе руго дир гьаркьихъ. Гьебмехалъ букІина цого рехъен ва цохІо вехьги вукІина. 17ЦІидасан нахъе щвезелъун дица дирго рухІ кьолеб бугелъулин Инсуе дун вокьулев. 18Лъицаниги тІамулев гьечІо дун дирго рухІ кьезе. Дицаго кьолеб буго дица гьеб. Дир ихтияр буго рухІ кьезеги, кьуни – гьеб нахъе босизеги буго дир ихтияр. Гьедин амру гьабуна дие Инсуца.
19Гьеб рагІидал, ягьудиязул нахъеги дагІба-рагІи ккана. 20ГІемерисез абулеб букІана жундуз бетІер сверизабун бугин гьесул, гьесухъ гІенеккиго щайин нужеейилан. 21Цогидаз абулеб букІана жундуз ккурав чи гІадин кІалъалев гьечІин. Жундузда кІолебищин бецал беразда канлъи бихьизабизе.

 

Халкъалъ ГІисадаса инкар гьабулеб буго

 

22ТІаде щвана Иерусалималда ЦІилъиялъул байрам[5] тІобитІулеб къо. Хасало заман букІана гьеб. 23Мукъадасаб Рокъове вачІун, Сулайманил рагъида дове-гьаниве хьвадулев вукІана ГІиса. 24ТІаде гурун рачІун, ягьудияз гьесда абуна:
– КидалъагІан дуца ниж щакдаризе тІамилел? Мун МасихІ ватани, рагьун абе нижеда!
25ГІисаца абуна:
– Дица абунагури нужеда, амма нуж божичІо. Дир Инсуца тІамун, дица гьарулел ругел ишаз нугІлъи гьабулеб бугогури дие. 26Дир рехъадул чахъаби гурелъул, божулел гьечІо нуж. 27Дир чахъабазда дир гьаракь рагІула, дида гьелги лъала ва гьел дида хадурги рачІуна. 28Дица гьезие абадияб гІумруги кьола. Гьел абадул абадиялъго хвезе гьечІо ва лъиданиги кІвеларо гьел дида кодоса рахъизе. 29Дихъе гьел кьурав дир Эмен вуго бищунго хІалкІолъи кІудияв БетІергьан. Лъиданиги кІвеларо гьел дир Инсуда кодоса рахъизе. 30Дир Эменги дунги – цого руго.
31Гьебмехалъ ягьудияз ГІисада речІчІизе нахъеги ганчІал кодоре росана. 32ГІисаца гьезда абуна:
– Дир Инсул амруялдалъун гІемерал лъикІал ишал гьаруна дица нужеда цере. Гьел ишазул кинабаб сабаблъунха нужеца дида ганчІал речІчІизехъин ругел?
33Ягьудияз гьесие жаваб кьуна:
– Дуца гьабураб лъикІлъиялъухъ гуро нижеца дуда ганчІал речІчІизехъин ругел. Аллагьасде дандечІарал гІасиял-пасикъал рагІабазухъ речІчІулел руго. Инсан вугониги, дуцаго мунго Аллагьлъун рикІкІунев вуго.
34ГІисаца гьезда абуна:
– Нужер къануналда хъван гьечІищ гьадинаб калима: «Дица абуна нуж аллагьзаби ругилан». 35-36ТІухьдузда хъван бугеб хисизабизе бегьуларо. Бичасул калам рещтІаразда БетІергьанасцин аллагьзабийилан абун буго. ВацІцІадав илчилъун гьавун, гьес дуниялалде витІарав Дун Аллагьасул Вас вугилан абурал дир рагІаби Аллагьасда дандечІарал ругин абизе кин нужеда кІолеб? 37Дир Инсуца гьабулеб иш дицаги гьабулеб гьечІеб батани, божуге нуж дида. 38Дир Инсуца гьабулеб иш дицаги гьабулеб бугелъул, дида божичІони, дир ишаздагІаги божа. Гьебмехалъ лъала ва бичІчІила дилъ дирго Эмен вукІин ва дирго Инсулъ дун вукІин.
39ГІиса кквезейилан лъугьана нахъеги ягьудиял, амма гьезда кодоса ворчІана гьев. 40ГІиса нахъеги Иорданалъул добцояб рахъалде, ЯхІяца гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІараб бакІалде, ана ва гьенив чІана. 41Гьениреги гІемерал гІадамал рачІана ГІисада хадур. Гьез абулеб букІана:
– ЯхІяца цониги мугІжизат бихьизабичІо, амма гьав Чиясул хІакъалъулъ гьес абураб щибаб рагІи битІараб букІун буго.
42Гьенире рачІаразул гІемерисез ГІисаде иман лъуна.

 

11 бетІер

 

Лазарил хвел

 

1Бетания шагьаралдаса Лазарилан абулев цо чи унтун вукІана. 2Гьеб Бетаниялда яшав гьабун рукІана цо Марям абулей гІаданги гьелъул яц Мартаги. Гьеле гьей Марямицайин ГІисал хІатІазда махІ гьуинаб нах бахараб ва жиндирго ботІрол расуца гьел ракъвазарурал. Гьелъул вац вукІана Лазар. 3Яцаз ГІисахъе ругьел битІана: «Я, БетІерчІахъад, дуе хирияв чи унтун вуго», – ян. 4Гьеб ругьел бачІиндал, ГІисаца абуна:
– Гьеб унтуца Лазар холаро. Гьеб буго Аллагь машгьурлъизе ва Аллагьасул Васас живго гьелдалъун машгьурлъизавизе Лазариде тІамураб унти.
5Марямги, гьелъул яцги, Лазарги цІакъ рокьулаан ГІисае.
6Гьев унтун вугилан рагІидалги, кІиго къоялъ гьенивго чІана ГІиса. 7Цинги гьес муридазда абуна Ягьудиялде тІадруссине кколилан. 8Муридаз абуна:
– Я, Рабби, Ягьудиялда дуда ганчІал речІчІизехъин рукІаралдаса гІемер заман инчІогури. Гьениве тІадвуссине щай дуе бокьун бугеб?
9ГІисаца абуна:
– Цо къоялъе букІуна анцІила кІиго сагІат. Къад сапаралде вахъарав чи хІетІе тункун гІодов кколаро, нухда гьесие канлъи букІунелъул. 10Амма сардилъ сапаралде вахъарав чиясул хІетІе тарула, нухда канлъи букІунарелъул.
11Цоги гьес абуна:
– Нилъер гьудул Лазар кьижун ккун вуго. Гьев вигьинавизе инехъин вуго дун.
12Муридаз абуна:
– Я, БетІерчІахъад, кьижун ккарав ватани, мадар лъугьина гьесул.
13ГІисаца абулеб букІана Лазар хун вугилан, амма муридазда бичІчІана гьадинго кьижун ккун вугилан абулеб бугилан. 14Гьебмехалъ ГІисаца рагьун бицана гьезда Лазар хванилан.
15– Нужер талихІ ккана дун дова вукІинчІолъи, гьанже нужее рес ккела дида божизе. Рилълъа доре.
16«КІилъилав» абун тІокІцІар бугев Фомаца цогидал муридазда абуна:
– Рилълъа МугІалимасда цадахъ, гьев хваралъур хвезе!

 

«Дицайин хваралъуса рахъинарулел, дицайин чІаголъизарулел!»

 

17ГІиса Бетаниялде щведал, Лазар хабалъ вукъаралдаса ункъо къо бан батана. 18Иерусалималдаса Бетаниялде лъабго километр гурони букІинчІо. 19Мартахъеги Марямихъеги вацасул зигараялъ Иерусалималдаса рачІарал гІемерал ягьудиялги рукІана гьенир. 20ГІиса вачІунев вугилан рагІидал, Марямги магІирокъойго тун, Марта ана гьесда данде. 21Мартаца ГІисада абуна:
– Я, БетІерчІахъад, мун гьанив вукІаравани, хвелароан дир вац! 22Амма гьанжеги ракІчІун лъала дида дур кинаб букІаниги гьари-дугІа Аллагьас нахъчІвалареблъи.
23Дур вац хваралъуса вахъине вугилан абуна гьелда ГІисаца.
24Мартаца абуна къиямасеб къоялъ гьев тІаде вахъуневлъи жиндаги лъалин. 25ГІисаца гьелда абуна:
– Дицайин хварал рахъинарулел, дицайин чІаголъизарулел. Дида божарав чи хваравги чІаголъила. 26Гьаб дуниялалда вугевщинав дида божулев чи абадул абадиялъ хвезе гьечІо. Гьелда мун божулищ? – ан гьикъана ГІисаца.
27Гьелъ жаваб кьуна:
– Я, БетІерчІахъад, дун божана дуниялалде вачІине вугев Аллагьасул Вас МасихІ мун вукІиналда.

 

ГІиса гІодулев вуго

 

28Гьединги абун, рокъое ана Марта. Цогидаздаса балъго гьелъ Марямида абуна МугІалим вачІун вугин ва гьес мун ахІулей йигин. 29ГьебсагІат ГІисада аскІое ине гІедегІун къватІие яхъана Марям. 30Росулъеги лъугьинчІого, Марта жинда данде ячІараб бакІалда чІун вукІана ГІиса. 31Марям гІедегІун къватІие яхъун уней йихьидал, зигараялъ рачІун рукІарал ягьудиязда ккана вацасухъ гІодизе хабаде уней ятилин гьейилан. Гьелги ана Марямида хадур рахъун. 32ГІисада аскІое щведал, гьесул хІатІазда цее кІалагъоркье речІчІун, Марямица гІодилаго абуна:
– Я, БетІерчІахъад, мун гьанив вукІаравани, хвелароан дир вац!
33ГІодулей Марямги гьелда цадахъ гІодулел гІадамалги рихьун, цІакъго ракІбакъван, къварилъахъдана ГІиса.
34– Кив нужеца гьев вукъарав? – ан гьикъана ГІисаца.
– Я, БетІерчІахъад, вилълъа дудаго бихьизабизе, – ян абуна гьез.
35ГІиса гІодана гьебмехалъ. 36ГІиса гІодулев вихьидал, гІадамаз абуна Лазар гьасие вокьулев вукІун вугеб куц бихьуларищилан. 37Бецасда канлъи бихьизабурав чиясда Лазар хвалдаса ворчІизавизеги кІвелаанилан абуна цо-цояз.

 

Хун ункъо къо барав Лазар чІаголъизавула ГІисаца

 

38Дагьабги ракІбакъван, ГІиса Лазарил хабаде ана. Хоб букІана нохъода жаниб, кІалтІа гамачІги букІана. 39ГІисаца абуна гьеб гамачІ нахъе босейилан. Хварасул яц Мартаца абуна:
– Я, БетІерчІахъад, Лазар вукъаралдаса ункъабилеб къо буго, махІ бахъун батила.
40ГІисаца гьелда абуна:
– Дица абичІищ дуда, мун божани, Аллагьасул хІалкІолъи бихьилин дудаян.
41ГамачІ нахъе босана.
Зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна:
– Я, дир Эмен, дица дуе рецц гьабулеб буго гьари-дугІа дуда рагІаралъухъ. 42Дида лъалаан дир гьари-дугІа дуда кидаго рагІизе букІин. Дица гьадин абулеб буго дун дуца витІаравлъи гьанир дида аскІор ругезда лъазе.
43Цинги ГІисаца ахІана:
– Лазар! КъватІиве вачІа! – ян.
44Кверазда ва бохдузда мусралги жемухъего хабалъа къватІиве лъугьун вачІана Лазар. КвербацІцІалъ бухьун гьумерги букІана гьесул.
– Гьасдаса мусрал риче, – ян абуна ГІисаца, – ва рокъове ваче.

 

ГІиса чІвазе хІукму гьабула

 

45Марямихъе зигараялъ рачІун рукІун ГІисал гьеб мугІжизат бихьарал гІемерал ягьудияз гьесде иман лъуна. 46Амма цо-цояз, фарисеязухъе ун, бицана ГІисаца гьениб бихьизабураб мугІжизаталъул хІакъалъулъ.
47Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги фарисеялгитІадегІанаб судалъе данделъана. Гьез абуна:
– Щибдай нилъеца гьабун лъикІ? Гьадав чияс гІемерал мугІжизатал рихьизарулел руго халкъалда. 48Додин виччан тани, кинабго халкъ досда хадуб ина. Цинги Рималъул боги бачІун, нилъер Мукъадасаб Рукъги щущазабила, халкъги гъурун тІагІинабила.
49Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафаца абуна:
– Нужеда щибниги лъалеб гьечІоха. 50Нужеца пикру гьабулеб гьечІо тІолабго халкъ хун тІагІинабиялдаса халкъалъе гІоло цо чи хвезавиго лъикІаб букІиналъул.
51Кайафал жиндирго гІакълу хадуб гІунтІун абурал рагІаби рукІинчІо гьел. Гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІиндал, кашпу-карамалъи щунин гьес абураб халкъалъе гІоло ГІиса хвезе вугилан. 52ЦохІо халкъалъе гІоло гуревха. ТІолабго дуниялалда щущан ругел Аллагьасул лъимал данде ракІариялъе гІоло хвезе вуго ГІиса.
53ГІиса чІвазе хІукму гьабуна гьеб къоялъ гьез. 54Гьединлъидал гьанже тІатун хьвадулев вукІинчІо гьев Ягьудиялъул ракьалда. Гьениса вахъун, жиндирго муридалги рачун, ГІиса ана гІицІаб авлахъалъул рагІалда бугеб Эфраим абулеб шагьаралде.
55ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Улкаялъул киналго бакІаздаса гІемерал гІадамал Иерусалималде рачІунел рукІана Пасха тІаде щвелалде жалго рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабизе. 56Гьез ГІиса валагьулев вукІана. Мукъадасаб Рокъоре лъугьиндал, гьез цоцазда цІехолеб букІана:
– ГІиса вачІинадай Пасхаялъул байрамалде? Дидани вачІинин кколаро. Дуда кин кколеб?
57ЧІахІиял кашишзабазги фарисеязги буюрухъ кьун букІана нагагь ГІиса вугеб бакІ лъарав чияс жидеда лъазабеян, жидеца гьев, ккун вачун, жанив тІамизе вугилан.

 

12 бетІер

 

«Дун кидаго гуро нужгун вукІунев»

 

1Пасха тІаде щвезе анлъго къо хутІараб мехалъ, ГІиса вачІана гьес хваралъуса вахъинавурав Лазарил росулъе Бетаниялде. 2Гьениб гьесие къасиялде квен къачІан букІун, Марта гьезда цебе квен-тІех лъолей йикІана, Лазарги вукІана ГІисадаги гьалбадеридаги цадахъ кваназе гІодов чІун. 3Берцинаб махІалъул цІакъго хирияб нахул гелавкаги босун ячІун, Марямица ГІисал хІатІазда бахана гьеб ва жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел. Гьеб нахул цІакъаб гьуинаб махІалъул цІуна рукъ. 4Гьесул муридлъун вукІарав ва хилиплъизе вугев Ягьуда Искариотица абуна:
5– Гьеб нах бичун букІарабани, лъабнусго динар щвелаангури ва мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб.
6(Мискинзабазул ургъел ккун гуро Ягьудаца гьедин абураб. ЦІогьор вукІана гьев. Киназулго гІахьалаб гІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІана, гьеб гІарацгицин ккезабулаан гьес жиндирго чвантинибе.)
7– Гьей жийго те, – ян абуна ГІисаца. – Дун хабалъ вукъулеб къоялде нахъе лъун тун букІун буго гьелъ гьеб нах. 8Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор. Дунин абуни, кидаго гуро нужгун вукІунев.

 

Лазарги чІвазе хІукму гьабула

 

9ГІемерал ягьудиязда лъана ГІиса Бетаниялда вугевлъи. Гьел гьенире рачІунел рукІана ГІиса вихьизе гуребги, хваралъуса гьес вахъинавурав Лазар вихьизеги. 10Гьев Лазар чІвазеги хІукму гьабун букІана чІахІиял кашишзабаз, 11гьев сабаблъун гІемерисел ягьудияз, жалги рехун тун, ГІисаде иман лъолеб букІиндал.

 

ГІиса Иерусалим шагьаралде лъугьунев вуго

 

12Нахъисеб къоялъ ГІиса Иерусалималде вачІунев вугилан рагІана байрамалде ракІарун рукІарал гІадамазда. 13Чамасдакил гъутІбузул гІурччинал гІаркьалабиги кодор ккун ана гьел ГІисада данде. Гьадинаб туркиги ахІулеб букІана:
– Гьошанна!
БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги!
Исраилил халкъалъул ПарччахІасда баркат лъеги!
14Цо кІудияб кІерт батун, гьелда рекІана ГІиса, ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе:
15– Сионил яс, мун хІинкъуге,
ХІамил кІартида тІадги рекІун,
ВачІунев вугевин дур ПарччахІ!
16(Гьебмехалъни муридазда бичІчІун букІинчІо гьелъул магІна. Амма ГІисае Аллагьасдасан машгьурлъи щвараб мехалда ракІалде щвана гьезда ТІухьдузда гьесул хІакъалъулъ гьедин хъван букІараблъиги, гьеб ритІухълъизе гІадамаз гьебщинаб жо гьабураблъиги.)
17Гьес Лазар, хабалъа къватІиве ахІун, хваралъуса вахъинавулев вихьарал гІадамаз гьелъул хІакъалъулъ бицунеб букІана. 18Гьеб мугІжизаталъул хабар рагІун букІиндалин гьедигІан гІемераб халкъ ГІисада данде бачІунеб букІараб. 19Гьединлъидал фарисеяз цоцазда абулеб букІана:
– Балагье, нилъее пайда бахинчІо! ТІолабго халкъ досда хадуб унеб буго!

 

Греказ ГІиса валагьула

 

20Байрамалъул къояз Иерусалималде зияраталъ грекалги рачІун рукІана. 21Галилеялъул Бетсаида шагьаралдаса Филиппихъе ун, гьел греказ гьарана:
– Я, бетІерчІахъад! ГІиса вихьизе бокьун буго нижее.
22Андрейихъе ун Филиппица гьесда бицана гьеб. Цинги Андрейицаги Филиппицаги ГІисада бицана. 23ГІисаца гьезда абуна:
ГІадамил Лъимер машгьурлъизе заман щун буго. 24ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: хуриб хьараб ролъул мугь ракьулъе ккун хвечІони, гьеб жибго цохІо хутІула гьениб. Амма гьеб ракьулъе ккун хвани, гьелдасан лъугьараб ролъул тІорода гІемерал мугьал рижула. 25Жиндирго гІумру хирияв чи гьелдаса махІрумлъила. Амма гьаб дуниялалъул рокъоб жиндирго гІумру рихарасе абадияб гІумру насиблъила. 26Дие хъулухъ гьабизе бокьарав чи дида цадахъ вилълъа. Дун вугеб бакІалда вукІине ккола дие хъулухъ гьабурав чиги. Дие хъулухъ гьабурав чиясул хІурмат гьабила дир Инсуцаги.

 

ГІисаца жиндирго хвалил бицуна

 

27Гьанже дир ракІ къварид буго. Амма дица щибилан абилеб? Я, дир Эмен, рухІ бахъулеб сагІаталдаса хвасар гьавейиланищ? Гьелъие гІололъидал дун гьаниве щун вугев. Я, дир Эмен, дурго цІар машгьурлъизе гьабе!
28Гьебмехалъ зобалаздасан гьаракь рагІана:
– Дир цІар машгьураб буго, жеги цІикІкІун машгьурлъизеги гьабила.
29Гьениб букІараб халкъалдаги рагІана гьеб гьаракь. Цояз абуна зоб гъугъалеб гьаракь бугилан. Цогидаз абуна малаик вукІанин ГІисада кІалъалев. 30ГІисаца гьезда абуна:
– Гьадаб гьаракь дида рагІизе гуро зобалаздасан бахъараб, нужеда рагІизейин. 31Гьаб дуниялалъе суд гьабулеб къо буго жакъа. Дуниялалъулго кверщелчи къватІиве вачахъулеб къо буго жакъа. 32Цинги дун, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавидал, дица дидаго хадур цІазе руго киналго.
33(Гьедин ГІисаца абуна кинаб хвалдалъун живго холевали бичІчІизе.)
34Гьебмехалъ гІадамаз гьесда абуна:
– «ГІадамил Лъимер, ракьалдаса ворхизавун, борхатаб бакІалде вахинавизе вугилан» щайха дуца абулеб бугеб? Щив кколев гьев ГІадамил Лъимер? Къануналдаса цІалулеб рагІана нижеда МасихІ нижгун абадиялъго хутІулилан.
35ГІисаца гьезда абуна:
– Жеги дагьаб заманаялъ Нуралъул канлъи нужгун хутІизе буго. Гьеб канлъи букІаго, хьваде нуж ракьалда, бецІлъи тІаде гІунтІилалде. БецІлъуда хьвадулесда лъаларо киве унев вугевали. 36Гьеб Нур нужгун бугебгІан заманаялъ, гьелда божа, нужго Нуралъул гІадамаллъун лъугьине.

 

Халкъ ГІисада божуларо

 

Гьединги абун, ГІиса нахъе ана ва гьезда аскІоса тІагІана. 37Чан мугІжизатха ГІисаца гьезда бихьизабураб, амма гьел ГІисада божичІо. 38Гьеб кинабго ккана Ишая аварагасул калима ритІухълъизе:
«Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ?
Лъие загьирлъараб Бичасул къудрат?»
39Гьединлъидалин гьел божичІел. Ишая аварагас цоги бакІалда гьадин абулебги буго:
40«Бичас гьел гІадамал бецлъизаруна,
ГанчІил ракІал лъуна гьезул чурхдузулъ:
Бецлъарал беразда бихьунгутІизе,
ГанчІилал ракІазда бичІчІунгутІизе.
Гуребани, диде руссинаан гьел,
Сахлъизарилаан цинги дица гьел».
41ГІиса машгьурлъулевлъи цебеккунго бихьун букІиндал абуна Ишаяца гьедин.
42Бугониги, – цо-цо чІухІби-хІакимзабазгицин иман лъун букІана ГІисаде. Амма балъго гьабулеб букІана гьез гьеб, фарисеяз синагогаялдаса махІрум гьарилилан хІинкъун. 43Аллагьасул хІурмат-цІаралдаса гьезие гІадамазул хІурмат-цІар хиралъана.

 

«Дир РагІуца суд гьабизе буго»

 

44ГІисаца халкъалде ахІулеб букІана:
– Дида божулев чи ккола, цохІо дида гуреб, хІакълъунго дун витІарав Аллагьасда божулев чи. 45Дун вихьулев чиясда дун витІарав Аллагьги вихьулев вуго. 46Дун вуго – Нур. Дун ракьалде вачІун вуго дида божарав цониги чи бецІлъуда хутІунгутІизе. 47Дихъ гІенекканиги, дир рагІи рекІелъ цІуничІесеги суд дица гуро гьабизе бугеб. ГІадамазе суд гьабизе гуро дун вачІун вугев, гьел хвасар гьаризе вачІун вуго. 48Дунги дир рагІиги нахъчІварав чиясе суд дир рагІуца гьабизе буго къиямасеб къоялъ. 49Дунго лъикІав лъугьун абураб рагІи гьечІелъул дир, дун витІарав дир Инсуца бихьизабуна дида щиб абилебалиги, щиб бицинебалиги. 50Дида лъала гьес бихьизабуралъ абадияб гІумруялде рачунеблъи. Инсуца дида абураб гурони, абулеб гьечІо дица нужедаги.

 

13 бетІер

 

ГІисаца жиндирго муридазул хІатІал чурула

 

1ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Дуниял тун жиндирго Инсухъе ине заман гІагарлъулеб букІин лъалеб букІана ГІисада. Гьаб дуниялалда жинда божарал муридал рокьулаан гьесие. Гьале гьезде бугеб жиндирго рокьи тІубанго бихьизабула гьес.
2Сардилъ кваназе гІодор чІун рукІана. (Гьелде щвелалдего Симонил вас Ягьуда Искариотил рекІелъе илбисалъ лъугьинабун букІана ГІисае хилиплъиялъул пикру.) 3ГІисада лъалаан сундулго кверщел Инсуца жиндихъе кьун бугеблъи, жив Аллагьасдасан вачІаравлъи ва гьесухъе тІадвуссуневлъи. 4ХІарччида нахъаса тІаде вахъун, ГІисаца халгІат тІаса рехана, рачлихъ квербацІцІ бухьана. 5Цинги, тІарсинибе лъимги тІун, жиндирго муридазул хІатІал чуризе ва рачлихъ бухьун бугеб квербацІцІалъ гьел рацІцІине лъугьана ГІиса. 6ХІатІал чуризе ГІиса аскІове вачІараб мехалъ, Симон Пётрица абуна:
– Я, БетІерчІахъад, дир хІатІал чуризехъинищха мун вугев?
7– Дица гьабулеб бугеб жоялъул магІна дуда гьанже бичІчІуларо. Хадуб бичІчІила дуда гьеб, – ан абуна ГІисаца гьесда.
8Пётрица абуна:
– Киданиги риччаларо дица дуда дир хІатІал чуризе.
ГІисаца абуна:
– Дица гьанже дур хІатІал чуричІони, дида аскІоб бакІ букІине гьечІо дуе.
9Симон Пётрица абуна гьебмехалъ:
– Гьедин батани, БетІерчІахъад, хІатІал гурелги, квералги чуре дир, бетІерги чуре.
10ГІисаца абуна:
– Чвердон вачІарав чиясул хІатІал гурони чуризе кколаро. Черх гьесул бацІцІадго букІуна. Нуж рацІцІадал руго, амма киналго гурелха.
11ГІисада лъалеб букІана щив жиндие хилиплъизе вугевали. Гьединлъидал абуна гьес нуж киналго гурин рацІцІадал ругелилан. 12Гьезул хІатІалги чурун, халгІатги ретІун, нахъеги гьезда аскІов гІодов чІараб мехалъ, ГІисаца абуна:
– Дица нужер хІатІал чуриялъул магІна лъалищ нужеда? 13Нужеца дида абула МугІалимилан ва ТІадегІанавилан. БитІараб буго гьеб. Гьединав чи вуго дун. 14Гьедин дица, нужер МугІалимас ва ТІадегІанас, нужер хІатІал чурулел ругони, нужецаги чуризе ккола цоцазул хІатІал. 15Дица нужеда мисал бихьизабулеб букІана, дица нужее гьабураб нужецаги гьабизе. 16ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: жиндирго бетІергьанасдаса тІадегІанав вукІунаро гьесул лагъ. Жив витІарасдаса тІадегІанав вукІунаро гьесул чапарги. 17Гьардарал гурищ нуж, гьеб бичІчІани, гьедин гьабизеги гьабуни! 18Дица нужер киназулго хІакъалъулъ гуро абулеб бугеб. Дида лъала дица щал тІаса рищаралали. Амма ТІехьалда бугеб гьадинаб калимаги ритІухълъизе биччанте: «Дида цадахъ чед кварас квер борхана дида данде». 19Гьанже дица бицун толеб буго нужеда, дица бицухъе ккараб мехалъ, дун Дов вукІиналда нуж божизе. 20ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дица витІарасде иман лъурав чи ккола диде иман лъурав чи. Диде иман лъурав чи ккола дун витІарасде иман лъурав чи.

 

«Нужер цояв дие хилиплъила»

 

21Гьел рагІаби абураб мехалъ, ГІисал хІал хисана. Гьес лъазабуна:
– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужер цояв дие хилиплъила.
22Лъил хІакъалъулъдай ГІисаца гьеб абулеб бугебилан рихха-хочун цоцахъ ралагьана муридал. 23ГІисае вокьулев цо мурид кваналев вукІана гьесул каранда цеве чІун. 24Симон Пётрица гьев муридасде ишан гьабуна лъил хІакъалъулъ бицунеб бугебали дуца гьикъейилан. 25ГІисал карандеги гьетІун, гьес гьикъана:
– Я, БетІерчІахъад, щив гьев?
26ГІисаца жаваб кьуна:
– СуркІиниб ччун дица чадил кесек кодобе кьурав чи вуго гьев.
Босун, суркІинибги ччун, чадил кесек гьес кьуна Симонил вас Ягьуда Искариотихъе. 27Гьеб чадил кесек кодобе босарабго, Ягьудал чорхолъе илбис лъугьана. Гьебмехалъ ГІисаца гьесда абуна:
– Дурго гьабулеб иш дагьаб хехго гьабе, – ян.
28Амма кваналел рукІаразул цонигиясда бичІчІичІо щай ГІисаца гьедин абурабали. 29ГІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІиндал, цо-цоязда ккана байрамалде къваригІараб-тараб босизе яги цо мискинчиясе садакъа кьезе айилан абулеб бугин.
30Чадил кесекги босун, Ягьуда вахъун къватІиве ана. Сордо нахълъараб заман букІана гьеб.

 

ЦІияб амру

 

31Ягьуда къватІиве аравго, ГІисаца абуна:
ГІадамил Лъимер машгьурлъана гьабсагІат. Гьесдалъун Аллагьги машгьурлъана. 32Гьесдалъун Аллагь машгьурлъун вугелъул, живго ГІадамил Лъимерги машгьурлъиларищ Аллагьасдалъун. Аллагьас цІакъ хехго машгьур гьавила гьев. 33Дир хириял лъимал, нужеда аскІов гІемераб мехалъ хутІиларо дун. Дун валагьулел рукІина нуж. Дица ягьудияздаги абуна дун унеб бакІалде нужеда рачІине кІоларилан, гьединго нужедаги абулеб буго гьанже: «Нужеда рачІине кІолеб бакІ гуро доб дун унеб бакІ». 34Цо цІияб амру гьабила дица нужее: цоцазе рокьа нуж. Дие нуж рокьарал гІадин рокьа нуж цоцазеги. 35Нуж цоцазе рокьулел рукІиналдасан киназдаго лъала нуж дир муридал рукІин.

 

«Дуца дидаса инкар гьабила, Симон»

 

Симон Пётрица гьикъана:
– Я, БетІерчІахъад! Киве инехъин мун вугев?
36ГІисаца гьесие жаваб кьуна:
– Гьанже дун унев вугеб бакІалде дуда вачІине кІвезе гьечІо. Цинги нахъа вачІина мун.
37Пётрица гьикъана:
– Я, БетІерчІахъад, гьанже щай кІолареб дида дуда хадув вачІине? Дуе гІоло дица рухІги кьела.
38ГІисаца абуна:
– Дие гІоло рухІ кьезе хІадурав чийищха мун? ХІакълъун абулеб буго дица дуда: хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабила дуца дидаса.

 

14 бетІер

 

Инсухъе нух

 

1ГІисаца абуна:
– РакІ къварилъун рукІунге нуж. Нужерго Аллагьасде иман лъе, дидеги иман лъе. 2Дир Инсул минаялъур гІемерал рукъзал руго. Гьел гІемер рукІинчІелани, гьедин абилароан дица. Нужее гьениб бакІ къачІазе унев вуго дун. 3Гьениб нужее бакІ къачІан бахъиндал, дун тІадвуссун вачІина нуж дидаго цадахъ рачине, нужги дида аскІор рукІине. 4Дун унев вугеб бакІалде нух лъала нужеда.
5Фомаца гьикъана гьесда:
– Я, БетІерчІахъад! Нижеда мун унев вугеб бакІ лъалеб гьечІелъул, гьенибе нух кин нижеда лъалеб?
6ГІисаца жаваб кьуна:
– Дун вуго нух. Дун вуго хІакъикъат. Дун вуго чІаголъи. Дидалъун гурони цониги инсан дир Инсухъе вачІине гьечІо. 7Дун нужеда лъалев вугелъул, дир Эменги лъала нужеда. Жакъа къоялдаса нахъе нужеда гьев лъана ва нужеда гьев вихьана.
8Филиппица абуна:
– Я, БетІерчІахъад! Гьев дур Эмен вихьизаве нижеда. Гьебги гІела нижее.
9ГІисаца абуна:
– Гьабгощинаб мехалъ нужеда цадахъ вукІарав дун лъаларевищха, Филипп, дуда? Дун вихьарав чиясда дир Эменги вихьана. Дур Эмен вихьизавейилан щай дуца абулеб? 10Мун божулагури дун Инсулъ вукІиналдаги, Эмен дилъ вукІиналдаги. Нужеда кІалъалаго дир кІалдисан бачІараб цониги рагІи дунго лъикІав лъугьун абичІо дица. Дир щибаб ишги дилъ вугев дир Инсуца гьабураб буго. 11Дун Инсулъ вукІиналдаги, Эмен дилъ вукІиналдаги божа нуж. Гьелда божичІони, дир хІикматал ишаздагІаги божа. 12ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида божулев чиясда кІвезе буго дица гьабурабги гьабизе, жеги цІикІкІунги гьабизе, гьанже дун дирго Инсухъе ине вугелъул. 13Дица тІубазабила, дир цІар рехсон нужеца щиб гьараниги, – Васасдалъун Эмен машгьурлъизе. 14Дир цІар рехсон нужеца щиб дида гьараниги, гьеб дица тІубазабила.

 

Муридазде Илагьияб РухІ рещтІинилан абула ГІисаца

 

15Дун нужее вокьулев ватани, дир амруязда рекъон хьваде. 16Дица Инсуда гьарила ва гьес нужехъе битІила абадул абадиялъ нужедаса батІалъичІого нужер ракІбатизабулеб 17РитІухълъиялъул РухІ. ГІаламалъ гьеб къабул гьабизе гьечІо, гІаламалда гьеб лъаларелъул, бихьуларелъул. Амма нужеда гьеб лъала, гьеб гьабсагІатги нужеда аскІоб бугелъул ва кидаго нужелъ букІинеги бугелъул. 18Дица нуж бесдаллъун теларо. Дун нужехъе вачІина. 19Цодагьаб мехалдасан дун ина гІаламалда вихьуларелъуве, амма нужеда дун вихьила. Дун чІаго вугелъул, нужги чІаго рукІина. 20Гьеб къоялъ лъала нужеда дун дирго Инсулъ вугевлъи, нуж дилъ ругеллъи, дун нужелъги вугевлъи. 21Дир амру жиндихъ бугев ва гьеб тІубазабун хьвадарав чи ккола дун вокьулев чи, дун вокьулев чи дир Инсуеги вокьила, диеги вокьила ва гьев чиясе дица дунго загьир гьавила.
22Ягьудаца (Ягьуда Искариот гуро гьев) гьикъана:
– Я, БетІерчІахъад, гІаламалъего загьир гьавичІого, цохІо нижее мунго загьир гьавиялъул магІна щиб?
23ГІисаца гьесие жаваб кьуна:
– Дун вокьулев чияс дир рагІи рекІелъ цІунила, гьев дир Инсуе вокьила. Цинги ниж гьев чиясухъе рачІина, ва нижер чІей гьесухъ букІина. 24Дун вокьуларев чияс дир рагІи рекІелъ цІунуларо, амма нужеда рагІараб рагІи дир гуро, дун витІарав дир Инсул буго. 25Дун нужеда цадахъ вукІаго абун толеб буго дица гьеб. 26Нужер ракІбатизабулеб ва дун хисун нужехъе БетІергьанас битІизе бугеб Илагьияб РухІалъ кинабго малъила нужеда ва дица малъун тарабщинабги ракІалде щвезабила.
27Дица нужее рекъел толеб буго, дирго рекъел кьолеб буго дица нужее, дуниялалъ кьолеб бугеб гІадин гуребха дица нужее гьеб кьолеб бугеб! РакІ къварилъун рукІунге ва хІинкъуге нуж! 28Нужеда рагІанагури дица абулеб дун нужеда аскІоса инин ва нужеда аскІове тІадвуссун вачІинилан. Нужее дун вокьулев ватани, нуж рохизе ккола дица Инсухъе унев вугилан абидал. Дир Эмен дидаса гІемерго тІадегІанав вугелъул! 29Дица нужеда цебеккунго бицун толеб буго, гьеб кинабго дица бицухъе лъугьараб мехалъ, нуж дида божизе. 30Дагьаб заман хутІана дие нужгун кІалъазе. Дуниялалъулго кверщелчи тІаде щолев вуго, амма дун гьесул кверщаликь вугев чи гуро. 31Дирго Эмен дие вокьулевлъи гІаламалда лъазе гІоло тІубазабула дица гьес дие амру гьабурабщинаб. Гьанже тІаде рахъа, гьаниса нахъе рилълъине ккола нилъ.

 

15 бетІер

 

ЦІолбол гъабуялъул мисал

 

1ГІисаца абуна:
– ХІакълъунго дун ккола цІолбол гъабу. Дир Эменги ккола ахикь гьеб чІарав ахихъан. 2ТІад цІибил бижуларел дир чІорал гьес къунцІун нахъе рехула. ЦІибил бижулел чІорал гьес кІурула, гьезда тІад дагьабги цІикІкІун цІибил бижизе. 3Дица нужеда абураб рагІудалъун нуж рацІцІалъун руго. 4Нуж дилъ рукІа, дун нужелъги вукІина. Гъабудаса къунцІараб чІоралда цІибил бижулареб гІадин, дилъ рукІинчІони, нужедасаги щибго пайда букІинаро. 5Дун ккола цІолбол гъабу, нуж ккола гьелъул чІорал. Гьев чи дилъ вугони, дун гьесулъги вугони, гьеб чІоралда тІад гІемераб цІибил бижила. Дидаса ратІалъун нужеда щибниги гьабизе кІоларелъул. 6Амма гьев чи дилъ гьечІони, цІолбол гъабуялдаса къунцІараб чІор гІадин, нахъе рехула гьев. Ахикьа ракІарун цІадаре ран рухІула гьединал чІорал. 7Нуж дилъ ругони, дир рагІабиги нужелъ хутІани, гьебмехалъ нужеца гьарарабщинаб лъугьина. 8ЛъикІаб гъабуда цІибил цІикІкІун бижулеб гІадин, нужедаса пайдаги цІикІкІани ва нуж дир унго-унгоял муридаллъунги ругони, дир Инсул машгьурлъи цІикІкІина. 9Инсуе дун вокьулев гІадин, дие нужги рокьула. Нужеде бугеб дир рокьи тІезе биччаге нужеца. 10Дирго Инсул амру дица тІубазабидал, гьесул рокьи дидаса тІолеб гьечІеб гІадин, дир амру нужеца тІубазабуни, дир рокьиги тІезе гьечІо нужедаса. 11Дица гьаб кинабго нужеда бицунеб буго, дир бугеб рохел кидаго нужераблъун хутІизе ва нужер рохел киданиги тІаса камунгутІизе. 12Гьале нужее дир амру: дие нуж рокьулел гІадин, рокье нуж цоцазеги. 13Гьудулзабазе гІоло жиндирго рухІ кьолев чиясулалдаса кІудияб рокьи букІунаро ракьалда. 14Дир амруял нужеца тІуразаруни, нуж дир гьудулзаби руго. 15Дица тІокІаб нужеда лагъзалилан абиларо, лагъасда лъаларелъул гьесул бетІергьанас щиб гьабулеб бугебали. Дица нужеда гьудулзабийилан абулеб буго, дир Инсудасан рагІарабщинаб дица нужеда лъазабидал. 16Дун нужеца тІаса вищичІо, дица нуж тІаса рищана ва ритІана, гъабул чІоралда тІад цІибил гІадин, пайда цІикІкІинабизеги, гьеб абадиялъго хутІизеги, дир цІар рехсон гьарарабщинаб дир Инсуца нужее кьезеги. 17Гьале нужее дир амру: цоцазе рокьа нуж.

 

ГІисаги гьесул муридалги щай гІаламалда рихун ругел?

 

18ГІаламалда нуж рихани, нужеда ракІалде щва нужедасаги цеве дун гьезда рихун вукІаравлъи. 19Гьаб гІаламалда релълъарал нуж рукІаралани, нилъерго чагІийин абун рокьилаан нужги гьезие. Гьезие нуж рокьуларо, гьезда релълъаралги гьечІелъул ва дица нуж гьезда гъорлъа тІаса рищунги ругелъул. 20Жиндирго бетІергьанасдаса лагъ тІадегІанав вукІунарилан дица абун букІараб ракІалда бугищ нужеда? Дие гІазаб-гІакъуба кьураб гІадин, нужееги кьела. Дихъ гІенеккарал гІадин, нужехъги гІенеккила. 21Гьеб кинабго гІазаб-гІакъуба дир цІар сабаблъун гьабила нужее, гьезда лъалев гьечІелъул дун витІарав Аллагь. 22ВачІун дица гьезда бицун букІинчІебани, гьезие мунагь букІинароан, гьанже жидерго мунагь бахчизе гІилла-сабаб батиларо гьезда. 23Дун рихарасда дир Эменги рихина. 24Цогидаздасан киданиги загьирлъичІел мугІжизатал дица гьезда рихьизарун рукІинчІелани, гьезие мунагь букІинароан. Амма гьеб кинабго бихьаниги, рихун руго гьезда дунги дир Эменги. 25Гьаб кинабго лъугьунеб буго гьезул къануналда бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: «ГІиллаго гьечІого рихана гьезда Дун». 26Нужер ракІбатизабизе дир Инсудасан бачІунеб РитІухълъиялъул РухІ Инсухъан дица нужее битІараб мехалъ, гьелъги нугІлъи гьабила дие. 27Нужецаги нугІлъи гьабила дие, авалалдаса бахъарабго ругелъул нуж дида цадахъ.

 

16 бетІер

 

1Гьеб кинабго дица нужее бицунеб буго нуж къосинчІого хутІизе. 2Нуж синагогаялдаса къватІире гъела. Нуж чІвалев чиясда гьанже Аллагь жиндаса разилъилилан ракІалде кколебгицин заман бачІунеб буго. 3Гьез гьеб гьабила я дун, яги дир Эмен гьезда лъачІелъул. 4Дица нужеда гьаб бицун толеб буго, гьединаб заман бачІараб мехалъ гьалъул хІакъалъулъги ГІисаца нижеда бицун букІанилан нужеда ракІалде щвезе.

 

Илагьияб РухІалъул ишазул хІакъалъулъ

 

Дун нужеда цадахъ вукІиндал бицун букІинчІо дица гьеб нужее гьанжелъизегІан. 5Гьанже дун унев вуго дун ВитІарасухъе, ва нужер цонигияс гьикъиларо мун киве унев вугевилан. 6Гьале, дица гьеб бицараб мехалъ, нужер рекІелъе пашманлъи лъугьана. 7Амма хІакълъун абулеб буго дица нужеда: дун ун лъикІ нужее. Дун инчІони, нужер ракІбатизабулеб РухІ бачІине гьечІо. Инеги ун, дицайин нужехъе гьеб битІизе бугеб. 8БачІун гьелъ загьирлъизарила гІаламалъул мунагьалги, дир ритІухълъиги, суд гьабулеб къо тІаде гІунтІулеб букІинги. 9«ГІаламалъул мунагьаздасан» бичІчІула – диде иман лъечІолъи; 10«дир ритІухълъиялдасан» бичІчІула – дун дирго Инсухъе унев вукІинги тІокІав нужеда вихьизе гьечІевлъиги. 11«Суд гьабулеб къоялдасан» бичІчІула – гьаб дуниялалъул кверщелчиясе тамихІ гьабун букІин.
12ГІемераб жо бугоан дир нужеда бицине, амма гьеб кинабго жеги нужер ургьибе унаро. 13ХІакъабщинаб загьирлъулеб РухІ рещтІараб мехалъ, гьелъ бицина нужее хІакъабщиналъул. Жибго лъикІаб лъугьун гурелъул гьеб кІалъазе бугеб, жиндаго рагІарабщинаблъидал гьелъ бицине бугеб нужехъе рещтІараб мехалъ. 14Гьеб РухІалъ дун машгьурлъизавила. Дихъ бугебаб, дихъаги босун, нужее загьир гьабила гьелъ. 15Дир Инсул бугебщинаб дирги буго. Гьединлъидалин дица абураб дихъ бугебаб, дихъа босун, нужее загьир гьабулеб бугин гьелъилан.

 

ГІазаб-гІакъубаги рохелги

 

16КватІичІого дун нужеда вихьуларелъуве ина. Цинги гІемерго кватІичІого вихьизеги вихьила нужеда дун.
17Гьебмехалъ цо-цо муридазда гьоркьоб гьадинаб кІалъай ккана:
– КватІичІого жив нужеда вихьуларелъуве инилан, цинги гІемерго кватІичІого вихьизеги вихьилилан абулеб буго, жиндирго Инсухъе иналъул бицунеб буго. Гьелъул магІнагІаги щибдай?
18Цоги гьез абулеб букІана:
– КватІичІогойилан абураб рагІул магІна щибдай? Гьес бицунеб жо нилъеда бичІчІулеб гьечІогури.
19Жиндие суалал кьезе муридазе бокьун бугеблъи лъан, ГІисаца гьезда абуна:
– КватІичІого вихьуларелъуве инин, цинги гІемер кватІичІого вихьизеги вихьилин абурал дир рагІабазул магІна лъазе бокьун гурищ нуж цоцазда цІехолдулел ругел? 20ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида хадур магІаби гьарун гІодила нуж. Амма гІалам бохила. Нуж пашманлъила, амма гьеб нужер пашманлъи рохелалде сверила. 21Лъимер гьабизе заман щун, хІара чІварай чІужугІаданалъе гІазаб букІуна. Амма лъимер гьабурабго, гьеб гІазабги кІочон тун, гьей йохула гьаб дуниялалде цоги инсан вачІинавунин жинцайилан. 22Гьедин нужги гьанже пашманго руго, амма нахъеги дида нуж рихьараб мехалъ, рохалил цІела нужер ракІал ва гьеб рохелги нужехъа лъицаниги бахъиларо. 23Гьеб къоялъ нужеца дида щибниги гьикъиларо. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужеца щиб гьараниги, дир цІаралъе гІоло, кьела нужее дир Инсуца. 24Дир цІар рехсон нужеца гьанжелъагІан щибниги гьаричІо. Гьанже гьаре нужерго, гьарараб щвела, нужер рохелги тІаса камиларо.

 

«Дун гьаб дуниялалдаса бергьана»

 

25Гьаб киналъулго хІакъалъулъ мисал бачун бицунаан нужеда дица. Амма тІаде щолеб буго, мисалал рачинчІого, Инсул хІакъалъулъ рагьун нужеда лъазабизе бегьулеб заман. 26Гьеб къоялъ дир цІар рехсон гьардела нуж. Нужер рахъалъ Инсуда щибниги гьарилилан абулеб гьечІо дица нужеда. 27Дир Инсуе жиндиегоги рокьула нуж, нужее дунги вокьидал ва дун Аллагьас витІун вукІиналдаги божидал. 28Дун Инсуца витІун вачІана гьаб дуниялалде, гьанже, дуниялги тун, Инсухъе тІадвуссун унев вуго.
29– Гьанже нижеда бичІчІуледухъ, цониги мисал бачинчІого, бицунеб бугоха дуца, – ян абуна муридаз. – 30Нижеда бичІчІана дуе суал кьелалдего дуда кинабго лъалеблъи. Гьединлъидал ниж божула мун Аллагьас витІарав вукІиналда.
31– Гьанже божанищ нуж? – ан абуна ГІисаца. – 32Гьале тІаде щолеб буго, дунги вукІаралъув тун, нуж рахъ-рахъалде тІурун унеб заман. ТІаде щунго буго гьеб! Амма дун дунго цохІо хутІизе гьечІо, дида цадахъ дир Эмен вугелъул. 33Дица гьаб нужеда бицана, дилъ нужеда рекъел батизе. Гьаб дуниялалда нужее гІазаб-гІакъуба букІина. Амма нуж къвакІун чІа. Дун гьаб дуниялалдаса бергьана.

 

17 бетІер

 

ГІисаца муридазе дугІа гьабула

 

1Муридазе гьеб хабар бицун бахъарабго, зобалаздеги валагьун, ГІисаца абуна:
– Я, дир Эмен! Дир болжал тІаде щвана. Дурго Вас машгьурлъизаве, гьес мунги машгьурлъизавизе. 2ТІолабго гІаламалда тІад ихтияр кьуна дуца гьесие, дуца жиндихъе кьуралщиназе Васас абадияб гІумру насиблъизабизе. 3Абадияб гІумру ккола ХІакъав ва Цогояв Аллагь мунги ва дуца витІарав МасихІ ГІисаги лъай. 4Дуца тІадкъараб ишги тІубазабун, дица гьаб ракьалда мун машгьурлъизавуна. 5Я, дир Эмен! Гьаб дуниял бижилелдего, дун дуда аскІов вукІараб мехалъ, дир букІараб машгьурлъиялдалъун машгьурлъизаве гьанжеги дуца дун. 6ГІаламалда гьоркьоса дуца дихъе кьурал гІадамазе рагьана дица дур цІаралъул хІакъикъат. Гьел дур рукІана, цинги гьел дуца дихъе кьуна ва гьел дур рагІухъ гІенеккана. 7Гьанже гьезда лъана дуца дие кьурабщинаб дудасан бугеблъи. 8Дуца дихъе кьурал рагІаби дица гьезие кьуна, гьез гьел къабулги гьаруна. ХІакълъунго гьезда бичІчІана дун дудасан вачІарав вукІин ва дун дуца витІун вукІиналдаги божана. 9Гьезие гІоло гьарулеб буго дица дуда. Дуниялалда ругел киналго гІадамазе гІоло гуреб, дуца дихъе кьуразе гІолойин, гьел дур ругелъул. 10Дир ругелщинал дур руго, дур ругелщинал дирги руго. Гьезулъги машгьурлъана дун. 11Дун гьанже гьаб дуниялалда вукІинаро, амма гьалги гьаб дуниялалда тун вачІунев вуго дун духъе. Я, дир Илагьияв Эмен! Нилъ цого ругел гІадин, гьелги цого рукІинаре, дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. 12Дун гьезда цадахъ вугеб мехалъ, дица гьел хвалде ине риччачІого цІунана дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. Цо чи хутІизегІан цІунана. Гьев хвалде ана, гьелъул хІакъалъулъ ТІехьалда хъвараб ритІухълъизе кколеб букІиндал. 13Гьанже дун духъе вачІунев вуго. Дун дуниялалда вугебгІан заманаялъ дица гьаб гьазда бицунеб буго, дидаса бугеб гьазул рохел тІаса камунгутІизе. 14Дица дур рагІи гьазухъе кьуна ва гьаб гІаламалда рихана гьал, дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гурелъул. 15Гьаб гІаламалда гьоркьоса гьал нахъе рачейилан гуро гьарулеб бугеб, гьанир гьал илбисалдаса цІунеян гьарулеб буго дица. 16Дун гьаб дуниялалъул чи гурев гІадин, гьалги гьаб дуниялалъул чагІи гуро. 17ХІакъаб къудраталдалъун дуца гьал дуе хъулухъалъе ратІа гьаре. Дур рагІи хІакъаб буго. 18Дуца дун гІаламалъухъе витІарав гІадин, дица гьалги гІаламалъухъе ритІулел руго. 19Дуе хъулухъалъе дуца дун ватІа гьавуна, хІакъаб къудраталдалъун гьалги ратІа гьаре.
20ЦохІо гьазул рахъалъ гуребги, гьазул рагІудалъун диде иман лъезе бугелщиназул рахъалъги гьарулеб буго дица: 21Я, дир Эмен, гьал цолъун рукІаги мун дилъ вугев гІадин, – дун дулъ вугев гІадин, гьалги нилъелъ рукІине риччанте, – дун дуца витІун вукІиналда гІалам божизе. 22Дуца дие кьураб машгьурлъи дица гьазиеги кьуна. Дунги Мунги гІадин цолъун рукІине риччанте гьалги. 23Дун гьазулъ вукІина, мун дилъги вукІина, риччанте гьал тІубанго цоцалъ цолъун рукІине ва гьелдалъун гІаламалда лъазе дун дуца витІун вукІаравлъиги ва дун гІадин дуе гьал рокьулеллъиги. 24Я, дир Эмен! Гьанир дуца дихъе кьурал гІадамал гьенирги дида аскІор рукІине бокьун буго дие. Дуниял бижилелдего вокьулев вукІиндалха дуе дун. Дуца дун машгьурлъизави гьазда бихьизе. 25Я, дир РитІухъав Эмен! ГІаламалда мун лъачІо, амма дида лъала мун, гьаздаги лъана дун дуца витІаравлъи. 26Дур хІакъалъулъ рагьун бицана дица гьал гІадамазда, хадубккунги бицина, дуца дие кьураб рокьи гьазиеги гІахьалаб букІине ва дун гьазулъ хутІизе.

 

18 бетІер

 

ГІиса ккун вачун уна

 

1Гьеб дугІа лъугІун хадуб, жиндирго муридалгун цадахъ, ГІисаца Кедрон лъар бахана. Гьеб рахъалда букІараб цо ахикье ун, муридазда цадахъ гІодов чІана. 2Гьесие хилиплъарав Ягьудадаги лъалаан гьеб бакІ. Жиндирго муридалгун ГІиса чанги вачІунаан гьениве. 3Гьединлъидал Рималъул рагъухъабиги чІахІиял кашишзабазги фарисеязги ритІарал Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги рачун вачІана Ягьуда гьениве. Гьезухъ букІана ярагъги, канлъуе бакараб канги, чирахъалги. 4Гьениб жиндие ккезе бугебщинаб цебеккунго лъалев ГІисаца, данде ун, гьезда гьикъана:
– Щив нужеца валагьулев вугев? – абун.
5– Назареталдаса ГІиса валагьулев вуго, – ян жаваб кьуна гьез.
– Дун вуго Дов, – ан абуна ГІисаца.
Хиянатчи Ягьудаги вугоан гьезда гьоркьов. 6Жив Дов вугилан ГІисаца абидал, киналго нахъегІан къана ва ракьалда гІодор ккана. 7Нахъеги гьикъана гьезда щив валагьулев вугевилан. Гьез абуна Назареталдаса ГІиса валагьулев вугилан. 8ГІисаца абуна:
– Дица абунагури нужеда дун Дов вугилан. Дун валагьулев вугев ватани, гьал нахъе риччай.
9(Гьедин гьес абуна жинцаго дугІадулъ рехсараб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Дуца дихъе кьуразул цонигияв хвалде ине виччачІого цІунана дица».)
10Гьебмехалъ Симон Пётрица хвалчен лъалиниса бахъана ва цохІо хьвагІаралъ цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. (Бищунго кІудияв кашишасул гьев рагьтІателасда цІар Малх букІана.)
11– Дуца хвалчен лъалиниб лъе, – ян абуна ГІисаца Пётрида. – Дир Инсуца дихъе кьураб лълъар гьекъечІого бегьилищ дица?

 

ГІиса кІудияв кашишасда цеве чІезавула

 

12Гьебмехалъ азарилбетІерасги, Рималъул рагъухъабазги, ягьудиязул Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазги, кквезеги ккун, вухь-вухьана ГІиса. 13Цин гьев вачана гьеб соналъ бищунго кІудияв кашишлъун вукІарав Кайафал вакьад Гьаннал бакІалде. 14Гьев Кайафа вукІана тІолабго халкъ хвеялдаса цо чи хвей лъикІилан добмехалъ ягьудиязе гІакълу кьурав чи.

 

Пётрица ГІисадаса инкар гьабула

 

15ГІисада хаду-хадур рачІунел рукІана Симон Пётрги цоги муридги. Гьев мурид кІудияв кашишасда лъалев чи вукІиндал, ГІисада хадув гьесул азбаралъуве лъугьана. 16Пётр къватІивехун кавудахъ чІун вукІана. Цинги кІудияв кашишасда лъалев дов мурид къватІиве вачІана ва, кІалтІа хъаравуллъиялда йикІарай ясалдаги абун, Пётрги азбаралъуве виччазавуна. 17Гьебмехалъ гьей ясалъ Пётрида гьикъана:
– Гьадав чиясул муридцин гурищ мунги?
Гурилан абуна Пётрица.
18Квачараб сордо букІана гьеб. Лагъзадерицаги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабацаги азбаралъуб цІа бакана. Пётрги чІана гьезда аскІов цІадухъ.

 

КІудияв кашишас ГІисае суалал кьола

 

19КІудияв кашишас ГІисада цІехолеб букІана гьесул муридазулги ва гьезда малъараб диналъулги хІакъалъулъ. 20ГІисаца гьесда абуна:
– Дица халкъалъе хабар бицунаан киназдаго бихьун, киназдаго рагІун. Ягьудиял ракІарараб бакІалда синагогаялъуб яги Мукъадасаб Рокъоб гьабулаан дица вагІза-насихІат. Балъго дица лъиданиги щибниги бицунароан. 21Дида щай дуца гьеб гьикъулеб? Дихъ гІенеккун рукІаразда гьикъе щиб дица бицунеб букІарабилан. Гьале гьаздаги лъала щиб дица бицарабали.
22ГІисаца гьедин абидал, аскІов вукІарав Мукъадасаб Рукъалъул цо хъаравулас кІаркьен чІвана гьесул:
– Гьединищ дуца кІудияв кашишасе жаваб кьолеб бугеб? – анги абун.
23ГІисаца гьесда абуна:
– Дица мекъи абулеб бугеб батани, дуца гьал киназдаго цебе гьеб мекъи букІин чІезабе. Дица битІараб бицунеб бугеб батани, дуца дида кьабиялъе гІилла щиб?
24Вухь-вухьун вугев ГІиса бищунго кІудияв кашиш Кайафал бакІалде вачейилан амру гьабуна гьебмехалъ Гьаннаца.

 

Пётрица ГІисадаса нахъеги инкар гьабула

 

25Симон Пётр хинлъизе цІадухъ вахъун чІун вукІана.
– Мунги досул муридищ? – ан гьикъана цояс.
Гурилан нагІадала ккуна гьес. 26КІудияв кашишасул цо рагьтІателас (гьев вукІана Пётрица гІин къотІарасул гІагарав чи) Пётрида гьикъана:
– Дова ахикь гьадасда цадахъ дида вихьарав чи гурищ мун?
27Жив гьенив вукІинчІилан нахъеги нагІадала ккуна Пётрица. Гьеб параялда хІелеко гІегІедана.

 

ГІиса Пилатида цеве чІезавула

 

28Кайафал бакІалдасаги ГІиса вачана сардарасул кІалгІаялде. ХъахІлъи балеб букІана. Жалго хъублъизе бокьичІого, ягьудиял кІалгІаялъуре лъугьинчІо, Пасхаялъул хирияб кванде ине кколел рукІиндалха гьел. 29Живго Пилат вачІана къватІиве. Гьев чиясде нужеца гІунтІизабулеб бугеб гІайиб-хатІа щибилан гьикъана гьес. 30Гьав такъсирчи вукІинчІевани, нижеца духъе вачинароанилан жаваб кьуна гьесие ягьудияз. 31Пилатица абуна:
– Вачун нужерго къануналда рекъон къотІе гьесие хІукму.
Ягьудияз абуна чи чІвазе къотІизе жидер ихтияр гьечІилан. 32(Гьеб гьедин ккана живго кин холевали ГІисаца цебеккунго бицун букІарабги ритІухълъизе гІоло.) 33Гьебмехалъ Пилат кІалгІаялда жаниве лъугьана. ГІисаги вачун вачІана гьениве.
– Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? – абун гьикъана гьесда Пилатица.
34ГІисацаги данде суал кьуна:
– Дудаго ракІалде ккунищ дуца гьедин абулеб бугеб, яги цогидазищ дуда дир хІакъалъулъ гьедин бицараб?
35Пилатица жаваб кьуна:
– Дун жугьутІавиланищ дуда ккарав? Дур халкъалъги чІахІиял кашишзабазги кьуна мун дихъе. Щиб дуца гьабураб?
36ГІисаца жаваб кьуна:
– Дир ПарччахІлъи гьаб дуниялалда гуро бугеб. Гьанив дун ПарччахІ вукІаравани, дир нукарзаби дун цІунун рагъилаан, ягьудиязул хІакимзабаз дун кверде восизе виччалароан гьез. Амма гьанже дир ПарччахІлъи гьаниб гуро бугеб.
37Пилатица абуна:
– Кин бугониги мун ПарччахІ рагІулаха. Уйищ?
– Дуца абулеб бугоха дун ПарччахІ вугилан. Дун гьавуна ва гьаб дуниялалде вачІана хІакъабщиналъе нугІлъи гьабизе. ХІакъабщинаб бокьулев кинавго чиясда рагІула дир гьаракь.
38«ХІакъабщиналъул» магІна щибилан гьикъана Пилатица. Цинги гьев ягьудиязухъе къватІиве ана.
ГІиса хъанчида вазе хІукму гьабула
– Досда щибниги гІайиб-хатІа батулеб гьечІо дида, – ян абуна гьес гьезда. – 39Пасхаялъул хІурматалда цо туснахъ къватІиве виччалеб гІадатги цІунун, гьадав «жугьутІазул ПарччахІ» нахъе виччазе бокьилищ нужее?
40– Гьев виччаге, Барабба виччай! – ян ахІана гьез. (Барабба вукІана хъачагъ.)

 

19 бетІер

 

БагІараб гІабаги зазил хьухьун гьабураб тажги

 

1Пилатица амру гьабуна, гьениса нахъе вачун, ГІиса цІалаца вухейилан. 2Рагъухъабаз зазил хьухьун таж лъуна ГІисал ботІрода. БецІбагІараб ххамил гІабаги рехана гьесул мугъзаде. 3Цинги аскІоре рачІун: «ЖугьутІазул парччахІ чІахъаги!» – ян ахІулаго, ГІисал гьумер бухулеб букІана гьез.
4Пилатица, нахъеги къватІиве вачІун, ягьудиязда абуна:
– ГІенеккея, дица дов къватІиве вачунев вуго, досда тІад гІайиб чІезабизе дида кІвечІеблъи нужеда лъан букІине.
5Зазил тажги ботІрода лъун, багІараб гІабаги мугъзаде рехун, вачун вачІана ГІиса.
– Гьале гьев чи! – ян абуна Пилатица.
6Гьев вихьаравго чІахІиял кашишзабиги Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабиги ахІдезе лъугьана:
– Хъанчида вазе витІе! Хъанчида вазе витІе!
Пилатица абуна:
– Нужецаго вай гьав хъанчида. Дида кІоларо гьасда гІайиб чІезабизе.
7Ягьудияз гьесда абуна:
– Нижерги нижерго къанун буго. Нижер къануналда рекъон гьев чІвазе ккола, гьес жив Аллагьасул Вас вугилан абулеб бугелъул.
8Гьедин гьез абулеб рагІидал, Пилат дагьавги цІакъ хІинкъана. 9ГІисаги вачун, кІалгІаялъуве лъугьун, гьикъана гьесда:
– Мун киса? – ян.
ГІисаца жаваб кьечІо. 10Пилатица гьесда абуна:
– Дида кІалъаларилан чІунищ мун вугев? Дуда лъаларищ, дие бокьани, мун хъанчида вазе яги нахъе виччазе дир ихтияр букІин?
11ГІисаца жаваб кьуна:
– Аллагьасул къадар гьединаб букІинчІебани, дие щибниги гьабизе ихтияр букІинароан дур. Дуеялдаса цІикІкІараб мунагь букІина дун духъе кьуразе.
12ГІисаца гьедин абидал, Пилатица хІаракат бахъулеб букІана гьев нахъе виччазе. Амма ягьудиял ахІдолел рукІана:
– Дуца гьев нахъе виччани, къайсарасул гьудул вукІинароха мун. Живго парччахІлъун рикІкІунев чи – гьев ккола къайсарасда дандечІарав чи!
13Ягьудияз гьедин абидал, Пилатица ГІиса къватІиве вачана. ГамачІ ккураб къотІнов (жугьутІ мацІалда гьелда цІар букІана «Габбата») суд гьабизе вахунеб тахида тІад гІодов чІана Пилат. 14Гьеб букІана Пасхаялда цебесеб къоялъул къалъул гІуж.
Пилатица ягьудиязда абуна:
– Гьале нужер парччахІ!
15Гьез ахІулеб букІана:
– ВитІе, витІе, хъанчида вазе витІе!
Пилатица абуна:
– Нужер ПарччахІ хъанчида вазе витІизе бегьилищ дица?
ЧІахІиял кашишзабаз ахІана:
– Къайсар тун батІияв парччахІ гьечІо нижер!
16Ахирги Пилатица ГІиса хъанчида вазе гьезухъе кьуна.

 

ГІиса хъанчида вала

 

Гьевги вачун рагъухъабиги ана. 17Жиндирго хъанчги баччун, «Гвангвара» абулеб бакІалде (жугьутІазул мацІалда гьеб бакІалда цІар букІана «Голгота») вачана ГІиса. 18Гьенив гьев хъанчида вана. КІиго чиги вана ГІисада цадахъ хъанчида: цо кваранаб рахъалда, цояв квегІаб рахъалда. ГІиса бакьулъе ккана. 19Пилатица амру гьабун букІана: «Назареталдаса ГІиса – жугьутІазул парччахІ» абун хъвараб хъарщи чІвайин ГІисал хъанчида. 20ЖугьутІазул, греказул ва латиназул мацІалда хъван букІиндал, гІемерал ягьудияз цІалана гьеб. Гьеб бакІ шагьаралде гІагардаго букІиндал, гІемерав чи вачІун вукІана гьениве. 21Ягьудиязул чІухІби-хІакимзабаз Пилатида абуна:
– «ЖугьутІазул парччахІ» – абун хъвазе бегьулароан букІараб. Гьелда хъвазе ккола «Гьас абулеб букІана жив жугьутІазул парччахІ вугилан».
22– Дица хъвавухъе те, – ян абуна Пилатица.
23ГІисаги хъанчида ван, рагъухъабаз гьесул ретІел жидеего босана ва ункъасдаго гьоркьоб бикьана. Къвалалгун цадахъ бессун гьабураб, букъараб бакІго гьечІеб халатаб сугърал гурдеги щвана гьезие. 24Гьез хІукму гьабуна тІутІун хвезабичІого, можоро бахъун бергьарасе тезе. Гьедин гьабизеги гьабуна рагъухъабаз, ва ТІехьалда хъван букІараб гьадинаб калима ритІухълъана:
«Дир ретІел гьез жидедаго гьоркьоб бикьана.
Дир гурде лъие щвелебали можоро тІамуна гьез».
25ГІисал хъанчида цере рахъун чІун рукІана гьесул эбелги, гьесул эбелалъул яцги, Клеопал чІужу Марямги, Магдалаялдаса Марямги. 26Эбелги жиндие вокьулев муридги гьенир чІун рихьидал, жиндирго эбелалда ГІисаца абуна:
– Я, дир эбел! Гьалеха дур вас! – ан.
27Цинги гьес гьев муридасда абуна гьанже гьей дур эбел кколилан. Гьев муридас нахъа ГІисал эбел жиндаго аскІое ячана.

 

ГІисал рухІ босун уна

 

28Гьелдаса хадубги ГІисада лъана кинабго ТІухьдуз бицухъе кколеб букІин. ТІехьалда бугеб ритІухълъизе гьес абуна жив къечон вугилан. 29ЦІекІаб чогърол цІураб парччи букІана рагъухъабазухъ. Гьеб чогъролъ чІортоги ччун, иссоп абулеб цо гъотІодаса къотІараб гІералда бухьун, гьеб ГІисал кІутІбузда хъвазабуна. 30Чогърол тІагІам мацІалде бачІиндал: «ТІубана!» – ян абуна ГІисаца.
Гьесул бетІер каранде далана ва рухІ босун ана.

 

ГІисал хьолболъ хеч тункула

 

31Гьеб букІана рузман къо. Ягьудиязе бокьичІо гьезул къаркъалаби шамат къоялъги хъанчазда равухъе тезе. (Гьеб шамат къо кІудияб байрамалъул къо букІана.) Гьединлъидал гьез Пилатида гьарана бохдул рекун хвезеги гьарун, гьезул жаназаби хъанчаздаса рахъизе изну кьейилан. 32РачІун рагъухъабаз бохдул рекана ГІисада цадахъ хъанчида ван вукІарав дов кІиявго чиясул. 33ГІисаде ирга щведал, гьев хун ватана гьезда. Гьединлъидал гьесул бохдулги рекичІо. 34Амма цояс гьесул хьолболъ хеч тункана. Ругънадасан гьулчун бачІана биги лъимги.
35Гьелъул хІакъалъулъ бицана жиндир беразда гьеб бихьарав чияс. Гьес гьеб бицана нуж божизе бокьун. Гьес бицарабги битІараб буго. Гьесда лъала жинца битІараб бицунеб бугеблъи!
36Гьеб гьедин ккана ТІехьалда бугеб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Гьесул ракьа бекизе къотІи гьечІо». 37Цоги ТІехьалда хъван буго: «Хечалъ черх борлъарасухъ ралагьун рукІина гьел».

 

ГІиса хабалъ вукъула

 

38Ягьудиязул заралалдаса хІинкъун балъгого ГІисае муридлъи гьабулев вукІарав Ариматеялдаса Юсупин абулев цо чи ана Пилатихъе, ГІисал жаназа букъизе изну кьейилан гьарун. Пилатица изну кьуна. ВачІун гьев чияс ГІисал жаназа хъанчидаса бахъана. 39Доб цо сордоялъ ГІисахъе ун вукІарав Никодемги вачІана нусго гелавка нахулги босун. БатІи-батІиял хурдузул бахъараб нах букІана гьеб. 40ЖугьутІазул гІадаталда рекъон, махІ берцинаб нахулъ ччун мусралги ран, къачІана гьез ГІисал жаназа. 41Гьев хъанчида вараб бакІалда аскІоб цо ах букІана. Гьеб ахикь букІана нохъода бикІун къачІараб, жанив чи лъечІеб хоб. 42Метер шамат къоялде жугьутІал хІадурлъулеб къо букІиндал, хобги гІагардаго букІиндал, хехго гьенив вукъана гьез ГІиса.

 

20 бетІер

 

Муридазда хоб чІобого батула

 

1Анкьил тІоцебесеб къоялъ хъахІлъи балалдего яхъун Магдалаялдаса Марям ГІисал хабаде щвана. Хабал нохъодул кІалтІаса гамачІ нахъе гиризабун батана гьелда. 2Екерун ун гьелъ Симон Пётридаги ва ГІисае вокьулев вукІарав дов муридасдаги бицана ТІадегІанав ГІиса хабалъ гьечІин, гьениса восун кив гьев лъуравалиги лъаларин нижеда. 3ГьебсагІат рахъун Пётрги дов муридги ГІисал хабаде ана. 4КІиялго цадахъ рекерулел рукІана гьел, амма дов мурид тулакав вукІун, Пётридаса цеве щвана гьениве. 5Жаниве къулун валагьидал, мусрал рихьана гьесда гьенир, амма нохъоде гьев лъугьинчІо. 6ТІаде щун хабал нохъоде лъугьарав Пётридаги рихьана гьенир мусралги 7ГІисал бетІер бухьун букІараб квербацІцІги. Гьеб квербацІцІ мусраздаса батІаго гура-сурун лъун бугоан. 8ТІоцеве гьениве щварав дов муридги лъугьана жаниве. ГІисал хоб чІобого бихьидал, божана гьев. 9ГІиса хваралъуса вахъинилан ТІухьдузда бихьизабун букІаралъул магІна жеги бичІчІун букІинчІо гьезда. 10Цинги гьел муридал рокъоре ана.

 

Магдалаялдаса Марямида вихьула ГІиса

 

11Дой Марям хутІана къватІиехун яхъун чІун гІодулей. Цинги гІодулаго гьейги къулана хабалъе. 12ГІисал жаназа букІараб бакІалда къаданив гІодов чІун цояв, хІатІаахада гІодов чІун цогияв – хъахІаб гІабаги ретІарав кІиго малаик вихьана гьелда. 13Гьез Марямида гьикъана:
– Йо, чІужугІадан, щай мун гІодулей йигей?
Гьелъ абуна:
– Дир ТІадегІанав гьаниса нахъе восун ун вуго, кив гьев лъуравалиги лъалеб гьечІо дида.
14Гьединги абун нахъехун юссиндал, ГІиса ватана нахъа чІун. Амма гьелда лъачІо гьев ГІиса вукІин. 15ГІисаца гьикъана:
– Йо, чІужугІадан, щай мун гІодулей йигей? Щив дуца гьанив валагьулев вугев?
Ахихъан ватилин гьевилан ккун, Марямица абуна:
– Я, бетІерчІахъад, дуца гьасул жаназа хабалъа бахъараб батани, киб гьеб лъурабали бице. Дица нахъе босила гьеб.
16– Марям! – абун, цІар ахІун, кІалъана гьелда ГІиса.
– Я, Раббуни! – ян ахІана Марямица кьурун гьесдехун юссун (МугІалим абураб магІна буго жугьутІ мацІалда гьеб рагІул.)
17ГІисаца гьелда абуна:
– Воре, дуца дун ккун чІезавуге, жеги дун дирго Инсухъе щун гьечІин. Гьанже дир вацазухъе ун, дуца гьезда бице ГІисаца абунин, дирги нужерги Инсухъе, дирги нужерги Аллагьасухъе тІадвуссун унев вугин дун.
18Инеги ун Магдалаялдаса Марямица муридазда бицана жиндаго ТІадегІанав вихьиялъулги ва гьес жинда бицаралъулги хІакъалъулъ.

 

ГІиса муридаздаги вихьула

 

19Анкьил тІоцебесеб гьебго къоялъул маркІачІумехалъ ягьудияз жидеего зарал гьабилилан хІинкъун, нахъасан нуцІаги рахан муридал ругеб мехалъ, жаниве лъугьун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса.
20Цинги гьес жиндирго квералги хьибилги рихьизаруна гьезда. ТІадегІанав ГІиса вихьиялдаса рохана муридал.
21– Ракълида хутІаги! – ян такрарги гьабун, ГІисаца гьезда абуна:
– Дир Инсуца дун витІарав гІадин, дица нужги ритІулел руго.
22– Гьаб Илагьияб РухІ къабул гьабе, – янги абун, цинги пуна ГІисаца гьезда тІаде:
23Нужеца чурараб мунагь Аллагьасги чурила гІадамазул. Нужеца чуричІеб гьесги чуриларо.

 

ГІисаца Фома божизавула

 

24АнцІила кІигоязда гьоркьоса «КІилъилав» абун тІокІцІар бугев мурид Фома вукІинчІо ГІиса вачІараб мехалъ гьезда аскІов. 25ТІадегІанав ГІиса вихьанин жидедаян бицана цогидал муридаз Фомада. Амма гьес абуна, гьесул кверазда магІазул ругънал жиндаго рихьизегІан, магІаз лъурал ругъназда килищги хъвазегІан, хочоца лъураб ругънада кверги хъвазегІан, жив божиларилан.
26Микьго къоялдасан, нуцІаги нахъасан рахан, гьенирго данделъун рукІана муридал. Фомаги вукІана гьенив. Рукъ бакьулъ вахъун чІун, ракълида хутІагийилан салам кьуна ГІисаца гьезие. 27Цинги гьес Фомада абуна:
– Бихьея, дур килищ кье дир кверазда ругел ругъназда хъвазе, дур кверги кье дихъе дир хьолбода бугеб ругънада лъезе. Дун чІаго вукІиналда щаклъуге, божа мун гьелда.
28– Я, дир БетІергьан! Я, дир Аллагь! – ан абуна гьесда Фомаца.
29ГІисаца гьесда абуна:
– Дун вихьун, божана мун дида. Гьардарал гурищха дун вихьичІониги божулел гІадамал!

 

Гьаб тІехь хъваялъул мурад

 

30Гьаб тІехьалда хъвачІел цогидалги гІемерал хІикматал ишал гьаруна ГІисаца, жиндирго муридазда цадахъ гьев вукІараб заманаялда. 31Амма гьаб хъвана гьев ГІиса Аллагьасул Вас МасихІ вукІиналде нужеца иман лъезе бокьун ва гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъизеги бокьун.

 

21 бетІер

 

ГІиса анкьго муридасухъе вачІуна

 

1Гьелдаса хадувги Тибериадаялъул ралъдахъ нахъеги вачІана ГІиса жиндирго муридазухъе. Гьадин ккана гьеб. 2Симон Пётрги, КІилъилав абулев Фомаги, Галилеялъул Кана шагьаралдаса Натанаэлги, Зебедайил кІиявго васги ва цоги кІиго муридги данделъун рукІана гьенир. 3Симон Пётрица абуна жив ччугІа кквезе унев вугилан. Нижги рилълъинилан абуна гьесда гьез. Инеги ун, росоде рахана гьел. Амма гьеб сордоялъ цониги ччугІа кквезе щвечІо. 4Рогьунеб мехалъ ГІиса вихьана гьезда ралъдал рагІалда чІун. Амма муридазда лъачІо гьев чи ГІиса вукІин.
5– Я, дир гьудулзаби, ччугІа ккурабищ? – ан ахІана ГІисаца гьезде. КквечІилан ахІана гьез. 6Цинги ГІисаца гьезде ахІана росол кваранаб рахъалдехун гьин рехани, гьениб батилин нужеда ччугІа. Гьин рехараб мехалъ гьениб ккураб ччугІил гІемерлъиялъ хІалица бахъана гьеб лъадалъа. 7ГІисае вокьулев вукІарав муридас Пётрида абуна ТІадегІанав вугин довилан. ТІадегІанав абураб рагІи гьесул кІалдиса къватІибе бачІарабго, Симон Пётрица ретІел ретІана (хІалтІулеб мехалъ ретІел бахъун букІана гьес) ва лъадалъе кІанцІун рагІалде лъедезе лъугьана. 8Ралъдал рагІалде щвезе нусго галул манзил гурони букІинчІо, амма ччугІил цІураб бакІаб гьинги хадуб цІан цогидал муридаз бачана раса рагІалде. 9Ралъдал рагІалде рахъиндал, тІорччол цІадуда бежулеб ччугІаги батана, гьениб аскІобго чедги батана гьезда. 10ГІисаца абуна нужеца ккуразда гьоркьосаги чанго ччугІа гьанибе босейилан. 11Симон Пётрица хІалица рагІалде цІана чІахІияб ччугІил цІураб гьин. Нусиялда кІикъоялда анцІила лъабго ччугІа батана гьениб, гьебщинаб ччугІа бугониги, гьинги тІун батичІо.
12– Кваназе рачІа, – ян абуна ГІисаца гьезда. Цониги муридасда кІвечІо мун щивилан гьикъизе. Гьев ТІадегІанав вугевлъи лъалеб букІана гьезда. 13Гьезда аскІове вачІун, ГІисаца босунго босун чед кьуна гьезухъе, ччугІаги кьуна гьединго. 14Хваралъуса вахъун хадуб лъабабилеб нухалъги вачІана гьев гьедин муридазухъе.

 

ГІисалги Пётрилги гара-чІвари

 

15Кванан рахъараб мехалъ, ГІисаца Симон Пётрида гьикъана:
– Я, Иоаннил вас Симон, гьазиеялдаса цІикІкІун вокьулевищ дуе дун?
Пётрица абуна:
– Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи.
ГІисаца абуна:
– Дир чахъаби кваназаре дуца!
16КІиабизеги гьикъана ГІисаца гьесда:
– Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ?
– Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи.
ГІисаца гьесда абуна:
– Дир чахъабазул тІалаб гьабе дуца.
17Лъабабизеги гьикъана ГІисаца гьесда:
– Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ?
Жив дуе вокьулищилан лъабцІул тІатІалаго гьикъулеб бугин гьасилан пашманлъана Пётр. Гьес ГІисада абуна:
– Я, БетІерчІахъад, кинабгоги лъалагури дуда. Дие мун вокьулевлъиги лъала дуда.
ГІисаца гьесда абуна:
– Дир чахъаби кваназаре дуца. 18ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гІолохъанаб мехалъ, дуцаго ретІелги ретІун, дуего бокьаралъуве унаан мун. Амма херлъараб мехалъ дуца кверал гІебеде ритІила цогидаз дудаго ретІел ретІине, ва дуе бокьуларелъувеги вачина гьез мун.
19Гьес гьедин абуна кинаб хвалидалъун Пётрица Аллагь машгьурлъизавизе вугевали бицун.
Гьединги абун, жинда цадахъ вилълъайилан вачана ГІисаца Пётр.

 

ГІисаца бицунеб буго жиндиего вокьулев муридасул

 

20Нахъехун вуссиндал, Пётрида вихьана ГІисае вокьулев, ахирисеб сордоялъ дора кваналел рукІаго, гьесул каранде къулун: «Я, ТІадегІанав, щив дуе хилиплъизе вугев?» – ан гьикъарав мурид жидеда хадув вачІунев. 21Гьебмехалъ Пётрица ГІисада гьикъана:
– Я, ТІадегІанав, гьасда щиб гьабилеб?
22ГІисаца гьесда абуна:
– Дие бокьун батизе бегьула, дун тІадвуссун вачІинегІан, гьев дихъ валагьун чІезе. Щай дуда гьелъул ургъел чІвалеб? Мун дида цадахъ вилълъа.
23Гьебмехалъ ГІисал вацазда гьоркьоб хабар тІибитІана гьев мурид киданиги хвезе гьечІилан. Амма ГІисаца абичІо гьев киданиги хвезе гьечІилан. Гьес Пётрида абураб рагІи букІана: «Дие бокьун батизе бегьула, дун тІадвуссун вачІинегІан, гьев дихъ валагьун чІезе. Дуда гьелъул ургъел щай чІвалеб?»
24Гьев мурид ккола гьеб киналъего нугІлъиги гьабурав ва гьелъул хІакъалъулъ хъварав чи. Нижеда лъала нугІлъи кьучІаб букІин.

 

Ахир

 

25Гьанир рехсарал гурелги, гІемерал хІикматал ишал гьаруна ГІисаца. Цо гьоркьоб течІого гьезул хІакъалъулъ хъварал тІухьдул ругелани, дида ракІалде ккола, гьел лъезе гІураб бакІ букІинароанин гьаб дуниялалда тІадилан.

 

 

Чапарзабазул ишал

«Чапарзабазул ишал» ккола Лукаца хъвараб кІудияб асаралъул кІиабилеб бутІа (гьелъул тІоцебесеб бутІа буго «Лукаца бицараб Рохалил хабар»). Гьелда рехсарал лъугьа-бахъинал ккана нилъер эраялъул І гІасруялъул 30-50-абилел соназда Рималъул империялда. Гьеб империя доб заманаялда букІана Средиземнияб ралъдал рагІаллъабазда ругел ракьазул цІакъго чІахІиял халкъал жиндирго кверщаликье цолъизабураб бищунго къуватаб пачалихъ. Лука вукІун вуго Павел чапарасул гьалмагъги кумекчиги. Гьев Павел чапарасги цІакъго кІудияб хІалтІи гьабуна Рималъул империялда ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар тІибитІизабиялъе. Гьединлъидал гьев чапарасул гІумруялъул хІакъалъулъ гІатІидго бицун буго «Чапарзабазул ишал» абураб тІехьалда.
Бицун буго тІоцебе жугьутІ халкъалъул цо бутІаялъ къабул гьабураб христиан дин Рималъул тІолабго империялда тІибитІиялъул хІакъалъулъ. Гьедин ккана ГІисал муридазухъе Иерусалималда Аллагьасдасан Илагьияб РухІ рещтІун хадусала. Лукаца бичІчІизабулеб буго Рималъул империялъул политикиял ишазе гьеб диналдасан хІинкъи букІине гьечІолъи.
ТІоцересел христианазул вагІза-насихІатал тІехьалда кьун руго халкъалда цере рахъун чапарзабаз гьабураб чанго кІалъаялдалъун. Бицун буго гьезул дин битІараб букІиналъе нугІлъи гьабулел мугІжизатазулги.

 

1 бетІер

 

ЦеберагІи

 

1Теофил, дирго тІоцебесеб тІехьалда дица хъван букІана, зобалазде восун араб къоялде щвезегІан ГІисаца гьабунщиналъулги малъанщиналъулги хІакъалъулъ. 2Гьеб къоялъ ГІисаца Илагьияб РухІалдалъун насихІатги гьабуна жинцаго тІаса рищарал чапарзабазе. 3ГІазаб-гІакъуба хІехьон хадубги ГІисаца живго чІаго вукІин чапарзабазда бихьизабуна, гьезул щибниги щаклъи кколаредухъ. КІикъого къоялъ бажарана гьев вихьизе, ва гьес гьезда бицана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул.
4Цадахъ кваналев вукІараб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна:
– Дица нужеда абураб къагІидаялъ, Инсуца нужее кьураб рагІи тІубазегІан, Иерусалималдаса нахъе унге нуж. 5ЯхІя аварагас лъадаца чурулаан, нужин абуни, гІемер заман иналдего Илагьияб РухІалъ чурила.

 

ГІиса зобалазде восун уна

 

6Гьедин данделъараб мехалъ чапарзабаз ГІисада гьикъана:
– Я, БетІерчІахъад, Исраилил халкъалъул парччахІлъи гьанже цІидасан рукІалиде ккезабизехъинцин гьечІищ дуца?
7Гьес абуна:
– Инсуца жиндирго къудраталдалъун чІезабураб заманги болжалги нужеда лъазе кколаро. 8Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго ЯгьудиялдагунСамариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги.
9Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна.
10Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна:
11– Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе.

 

Маттияги чапарлъун лъугьуна

 

12Цинги гьел, Иерусалималдаса цо километралъул манзилалда бугеб Зайтуналъул магІардаса гІодоре рещтІун, Иерусалималде тІадруссана.
13Жалго рещтІараб минаялде щун, тІасарокъоре рахана ва гьенир чІана. Гьенир рукІана Пётр ва Иоанн, Якъуб ва Андрей, Филипп ва Фома, Бартоломей ва Матфей, Алфейил вас Якъуб, Симон Зелот ва Якъубил вац Ягьуда. 14Гьел киналго данделъулаан, цадахъ какал ралаан. Гьезда цадахъ как-кІалалда рукІунаан цо-цо руччабиги, ГІисал эбел Марямги, гьесул вацалги.
15Цо чанго къоялдасан, нусиялда къогогІанасев диналъул вац данделъараб бакІалда, гьезда цевеги вахъун, Пётрица абуна:
16-17– ГІенеккея, вацал! Нилъеда гьоркьов вукІарав ва нилъер ишалъулъ гІахьаллъиги жиндие насиблъарав, амма ГІиса кквезе рачІаразда нух бихьизабурав Ягьудал хІакъалъулъ Илагьияб РухІалдалъун Давуд аварагас некІого абун букІараб рагІи ритІухълъана. ( 18Гьеб гІасияб ишалъухъ щвараб гІарацги кьун, хур босана Ягьудаца. Ва гІодов речІчІун, чехь кьвагьун хвана гьев, кинабго бакь-кІачги къватІибе бачІана. 19Гьеб лъана Иерусалималъул кинабго халкъалда. Гьединлъидал гьезул мацІалда Акелдама абун цІар лъуна гьеб хуралда. «Бидул хур» абураб магІна буго гьелъул.) 20Туркабазул Хирияб ТІехьалда гьелъул хІакъалъулъ гьадин хъван буго:
«БетІергьанчи гьечІого гьесул мулкги хутІаги,
Жанив чиго гьечІого гьесул рукъги хутІаги».
Цоги гьениб хъван буго:
«Гьев хисун наиблъун цогидав тІамизе ккола».
21-22Гьединлъидал цо чи тІаса вищизе ккола, ГІиса хваралъуса вахъанилан гьесги нилъеда цадахъ нугІлъи гьабизе. Гьев вукІине ккола ТІадегІанав ГІиса нилъгун вугеб заманаялда кидаго – ЯхІяца лъадалъ ччун вахъаралдаса зобалазде восун араб къоялде щвезегІан, – нилъеда гьоркьов вукІарав чи.
23КІиго чи вихьизавуна гьез: Баршаббайин абулев Юсупги (Юстиланги абулаан гьесда) Маттияги. 24-25Цинги гьел Аллагьасде гьардезе лъугьана:
– Я, БетІергьан! Дуда лъалаха щивав чиясул ракІалда бугеб жо. Чапарлъиги Аллагьасе хъулухъги рехун тун, Ягьуда жиндиего данде кколелъуве индал, гьесул бакІалде восизе гьав кІиясулго кинав дуца тІаса вищаравали бихьизабе.
26Цинги гьев кІиясего можоро тІамуна гьаз. Можороялъ Маттия бергьана. Гьедин анцІила кІиабилев чапарлъун лъугьана Маттия.

 

2 бетІер

 

Чапарзабазухъе Илагьияб РухІ рещтІуна

 

1КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрамалда[1] киналго цо рокъоре данделъун рукІана. 2Гьале цойидасан зобалазда бахъана гьалагаб гьорол гІадаб гьаракь, ва гьал жанир рукІараб рокъоб багъана гьеб.
3Гьезда бихьана цІадул мацІал гІадинаб жо боржанхъулеб, цинги бикь-бикьун ун гьазул щивасда тІад рещтІана гьел цІадул мацІал. 4Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана.
5Гьел къоязда Иерусалималде рачІун рукІана дуниялалъул ункъабго рахъалда ругел киналго пачалихъаздаса жугьутІазул вализаби. 6Гьеб гьаракь рагІун халкъалъул руккелал данделъана гьенире. Жидер щивасул мацІалда гьел кІалъалел рагІидал, гІажаиблъун хутІана гІадамал.
7-8– Гьални Галилеялда рижарал чагІи ругин, нилъер мацІ гьазда кинха лъазе кколеб? – ан хІикмалъун, тамашалъун абулеб букІана гьез цоцазда. – Нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал! 9Нилъеда гъорлъ руго Парфиялъулги, Мидиялъулги, Эламалъулги гІадамал, гьединго Месопотамиялда, Ягьудиялда ва Каппадокиялда, Понталда ва Асиялда, 10Фригиялда ва Памфилиялда, Мисриялда ва Киренаялъулаб Ливиялъул улкабазда яшав гьабун чІарал гІадамал ва Рималдаса зияраталъе рачІарал 11(нилъеда гьоркьор руго жугьутІалги жугьутІазул дин босаралги), гьединго Криталъул гІадамал ва гІарабал. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун лъугьарал кІудиял ишазул хІакъалъулъ нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал!
12Гьедин гІажаиблъун-хІикмалъун, гьелъул магІна щибдайилан цоцазда гаргадулел хутІун рукІана гьел гІадамал. 13Амма цо-цояз, гьелги гІад-хочІ гьарун, абулеб букІана цІияб чагъир гІадалъе бахун бугин гьездаян.

 

Пётрица халкъалъе хабар бицунеб буго

 

14Гьебмехалъ Пётрги гьесда цадахъ вукІарав анцІила цо чапарги цевегІан вачІана. Халкъалда рагІиледухъ гьаракь борхун Пётрица абуна:
– Я, вацал жугьутІал ва Иерусалималъул тІолабго жамагІат! ГІенеккея! Гьалъул магІна щибали бичІчІизабизе биччай! ГІинтІаме дир рагІабазухъ!
15Нужеда ракІалде кковухъе, мехтун гуро гьал ругел. Щайгурелъул жеги сагІат ичІго тІубачІеб рогьалил гІуж бугелъул. 16Амма гьаб буго Йоэл аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъиялъул гІаламат: 17«Аллагьас абулеб буго: Ахирзаман тІаде щведал, гьадин букІина – Дир РухІалъул хІалкІолъи чвахизабила дица щибаб рижиялда тІаде. Нужер бихьиназдеги руччабаздеги рещтІина Аллагьасул рагІи, нужер гІолохъабазухъе гьеб илгьамалдалъун щвела, нужер херазухъе гьеб макьилъ бихьун щвела. 18Дир лагъзадерида ва гъаравашазда тІадеги чвахизабила гьел къоязда Дир РухІалъул хІалкІолъи, ва гьездеги рещтІина Аллагьасул рагІи. 19Дица тІасан зобалаздасан мугІжизатал рихьизарила, гъоркьан ракьалдасан гІаламатал рихьизарила. БукІина биги, цІаги, кІкІуйдул хІубиги. 20Бакъул гордо бецІлъила, моцІ биялде сверила. Гьеб лъугьина БетІергьанасул кІудияб ва гвангъараб къо тІаде щвелалде. 21Ва БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи хвасарлъила».
22Я, вацал жугьутІал! ГІенекке гьал дир рагІабазухъ. Назареталдаса ГІиса вукІана жинца гьев нужехъе витІун вукІин Аллагьас чІахІиял ишаздалъунги, гІаламатаздалъунги, мугІжизатаздалъунги нужеда лъазабурав чи. ГІисадалъун тІубазабуна гьеб кинабго нужеда гьоркьоб Аллагьас. Гьеб нужедаги лъала. 23Аллагьасул хІукмуги къадарги гьединаб букІиндал, мунапикъазул квераз хъанчида ван, магІал кьабун, чІвазавуна нужеца. 24РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул. 25Гьесул хІакъалъулъ Давудица гьадин абун бугелъулха: «БетІергьан кидаго дир берзукь вуго. Дун тарунгутІизе, хъущтІунгутІизе дир кваранаб рахъалда чІун вуго гьев. 26Гьелъ дир ракІ аваданлъизабуна. Дир кІалдисан унеб рагІиги рохалилаб буго. ХІатта дир напсгицин гьанже хьулазда букІина. 27Щайгурелъул дуца дир рухІ хабалъ теларо, дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо. 28Дуца дида гІумруялъул Нух бихьизабуна. Мун дида аскІов вугеб мехалъ рохалил цІела дир ракІ».
29Я, вацал! Нилъер цо кьолбол кІудияв эмен Давудил хІакъалъулъ гьадин абунилан гІайиб гьабуге: гьев хвана, хабалъ букъана гьесул черх, гьесул хоб бугеб бакІги лъала нилъеда жакъа къоялдаги. 30Гьев авараг вукІиндал, гьесда лъалаан Аллагьас гьесие гьедун къотІи гьабун букІин гьесул кьибилалда вижарав цояв жиндир тахида гІодов чІезавилилан. 31Цебеккунго Давудида лъалеб букІана МасихІ хваралъуса вахъинавизе вукІин: гьев хабалъ толарилан ва гьесул черх туруларинги абун букІана. 32Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун. 33Аллагьасул кваранаб рахъалде вахиндал, гьес гІадамазде чвахизабуна, рагІи кьун букІиндал Инсудасан щвараб Илагьияб РухІ. Гьеб нужеда бихьулебги рагІулебги буго. 34-35Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». 36ХІасил, Исраилил тІолабго халкъалда лъан букІа гьев нужеца хъанчида варав ГІиса Аллагьас ТІадегІанавлъунги ва МасихІлъунги гьавуравлъи.
37Гьел рагІаби гІадамазул рекІел мащабазулъе ана. Нижеца щибха, вацал, гьанже гьабизе кколебилан гьикъана гьез Пётридаги цогидал чапарзабаздаги. 38Пётрица гьезда абуна:
– Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе. 39Нужееги, нужер лъималазеги, нилъер ТІадегІанав Аллагьас жиндаго аскІоре ахІанщинал рикІкІада ругезеги, гьединаб рагІи кьун бугелъул БетІергьанас.
40Гьединалги цогидалги гІемерал рагІабаздалъун МасихІил хІакъалъулъ бицунеб букІана гьес. Гьаб пасатаб умматалдаса цІунейилан малъулеб букІана. 41Гьесул рагІаби къабул гьабурал гІадамал лъадалъ ччун рахъана. Гьеб къоялъ лъабазаргогІанасев чияс цІикІкІана гьезул агьлу.
42Гьелдаса хадуб гьел гІадамал тІадчІун гІенеккулаан чапарзабазул малъа-хъваязухъ, цоцазулгун хурхен-рухьен гьабулаан, жидедаго гьоркьоб бекун чед бикьулаан ва какал ралаан.

 

Иман лъуразул гІумру-яшав

 

43Киналго гІадамазул рекІелъе лъугьана Аллагьасдаса хІинкъи: чапарзабаздалъун Аллагьас рихьизаруна гІемерал хІикматал ишалги мугІжизаталги. 44Киналго муъминзабаз магІишат дандбана. 45Хур-мулк бичулаан, гьелъухъ щвараб гІарацги бикьулаан гьелде хІажалъи кканщиназе. 46Щибаб къоялъ цоцазулгун ракълида Мукъадасаб Рокъоре хьвадиялда тІадчІана гьел. Жидерго рокъоб бекун чед бикьулаан, ракІ разиго ва ракІ бащадго цадахъ кваналаан. 47Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана, халкъалъе гьелги рокьулел рукІана. Аллагьас щибаб къоялъ гьезул агьлуялда гьоркьоре лъугьинарулел рукІана хвасарлъарал гІадамал.

 

3 бетІер

 

Пётрица рекъав чи сахлъизавула

 

1Цо къоялъ къалъуда, сагІат лъабго тІубараб мехалъ, какил заманалда Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре унел рукІана. 2Эбелалъ гьавуралдасаго кІиябго бохалда рекъав, щибаб къоялъ гІадамаз восун вачІун Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» лъун толев ва гьенире рачІаразул садакъаялдалъун бетІербахъарав цо пуланав чи вукІана гьенив. 3Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре рачІунел рихьун, гьездаги садакъа гьарана рекъас. 4Гьесда бер речІчІана Пётрилги Иоаннилги. Пётрица гьесда абуна:
– Нижехъ валагье! – ян.
5Садакъаялде хьул лъун, лъикІго гьезухъ валагьун чІана гьев чи. 6Пётрица абуна:
– ГІарацги меседги дир гьечІо, амма дихъ бугебаб кьела дуе. Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун абулеб буго дица дуда: вилълъанхъе мун!
7Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун, 8гьункьун тІаде вахъана ва вилълъанхъизе лъугьана. Гьезда цадахъ Мукъадасаб Рокъове лъугьун, Аллагьасе реццги гьабулаго, векерахъдизе-кІанцІезе лъугьана. 9Кинабго халкъалда бихьана, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьев вилълъанхъулев. 10Гьезда лъана Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» садакъа гьарун бетІербахъиялда вукІарав чи гьев вугевлъи. Гьесие лъугьараб жо бихьидал, гІадамал хІикмалъана, хІайранлъана.

 

Мукъадасаб Рокъоб Пётрил вагІза

 

11Пётридаги Иоаннидаги аскІоса кьуричІого чІун вугев гьев чи вихьидал, киналго гІадамал гІажаиблъун-хІикмалъун Сулайманил рагъи абулеб бакІалде рекерун рачІунел рукІана гьезда аскІоре. 12ГІемераб халкъ гьенибе бакІарун бихьидал, Пётрица гьезда абуна:
– Я, вацал жугьутІал! Щай нуж гьев чиясда гІажаиблъулел? Нижер къудраталдалъун яги нижер валилъиялдалъун гьев чи вилълъанхъизавун вугев гІадин щай нуж нижехъ ралагьулел? 13Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги ва нилъер умумузулги Аллагьас кІодо гьавуна жинцаго витІарав ГІиса. Нужецайин абуни гьев Пилатил кверде кьуна. ГІиса нахъе виччазе ракІалда букІарав Пилатида цебе нужеца гьесдаса инкар гьабуна. 14Илагьияв ва вацІцІадав чиясдаса инкарги гьабун, нужеца Пилатида гьарана чІвадарухъан туснахъалдаса къватІиве виччайилан. 15ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж.
16Гьеле гьев ГІисал цІаралде иман лъедал, гьеб ГІисал цІаралъ сахлъизавуна гьав нужеда киназдаго вихьулев ва лъалев чи. ГІисаде иман лъедалин, киналго нужги ралагьун, гьев сахлъарав.
17Амма дида лъала, вацал, нужецаги нужер хІакимзабазги гьеб иш гьабиялъе гІилла буго нужеда гьеб бичІчІичІолъи. 18Церего ритІарал киналго аварагзабаздалъун Аллагьас лъазабун букІана гьесул МасихІие гІазаб-гІакъуба букІинилан. Гьедин тІубазеги гьабуна Аллагьас гьеб. 19Гьединлъидал нуж кантІе ва тавбу гьабе, Аллагьасде русса, гьес нужер мунагьал чуризе, 20БетІергьан аскІов вукІиналдалъун рахІат-хІалхьи лъугьине, цевеккунго нужее гьес вихьизавун вукІарав МасихІ ГІиса нахъеги витІун вачІине. 21Кинабго цІилъизабизегІан ГІиса зобалазда вукІине ккола. Жиндирго ритІухъал аварагзабазда некІого бицун букІана Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ.
22Мусаца абун букІана: «БетІергьан Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи. Гьес щиб абуниги, гьелъухъ гІенекке нуж. 23Гьев аварагасухъ гІенеккичІевщинав чи халкъалда гьоркьоса тІагІинавила». 24Шамуилидасан байбихьун гьесдаса хадур рахъарал киналго аварагзабазги цебеккунго лъазабун букІана гьел къоязул хІакъалъулъ. 25Нуж ккола гьел аварагзабазул лъимал. «Дур наслуялдасан дуниялалъул киналго халкъазде баркат бачІина», – ян Ибрагьимидаги абун, нужер умумузе Аллагьас гьелъие къотІи гьабун буго. 26Аллагьас хваралъуса вахъинавун хадув бищунго цеве нужехъе витІана жиндирго вакил, нужеда баркат лъезеги нужер щивав чи жиндирго квешлъиялдаса вуссинеги бокьун.

 

4 бетІер

 

Пётрги Иоаннги судалда цере чІезарула

 

1Гьедин халкъалъе хабар бицунел гьел ругеб мехалъ, рачІун тІаде щвана кашишзабиги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бетІерги, саддукеялги. 2Пётрицаги Иоанницаги халкъалъе вагІза гьабулеб букІиналъги, ГІисал мисал бачун, хваралъуса рахъинаризе рукІин хІакъаб бугилан чІезабулеб букІиналъги ццидахинарун рукІана гьел. 3Гьез ккун вачун жанив тІамуна гьев кІиявго. Сардилъ мех букІиндал, рогьинегІан туснахъалъур тана гьел. 4Амма гьезухъ гІенеккарал гІемерисел гІадамал гьез бицаралда божана, гьедин гьезул агьлуялда щуазаргогІанасев чи гІуна.
5Гьале нахъисеб къоялъ радал Иерусалималда данделъана чІухІби-хІакимзабиги диниял гІалимзабиги. 6Гьенир рукІана бищунго кІудияв кашиш Гьаннаги, гьелго кашишзабазул тухумалъул Кайафаги, Иоаннги, Александрги ва цогидалги. 7КІиявго чапарги цеве чІезавун, гьез гьикъана кинаб къудраталдалъун ва лъил цІаралдалъун нужеца доб иш гьабурабилан.
8Илагьияб РухІалъ цІурав Пётрица гьезда абуна:
– Я, гьаб халкъалъул чІухІби-хІакимзаби! 9Гьев гІажизав-загІипав чи кин сахлъаравилан жакъа нужеца нижеда гьикъулеб бугелъул, 10нужеда киназдаго ва Исраилил тІолабго халкъалдаги лъан букІа: нужеца хъанчида ван хвезавурав, хваралъуса Аллагьас вахъинавурав Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун сахлъун нужеда цеве вахъун чІун вуго гьев чи. 11Гьев ГІиса вуго къадалъ лъезецин ярагьунарилан нужеца – къадахъабаз – нахъе рехараб, амма цололъ лъезе ккараб гамачІ. 12Гьесдалъун гурони хвасарлъи гьечІо. Гьалъаб зобалда гъоркь гІадамазе кьурал цІаразда гьоркьоб цоги батІияб цІар гьечІо, жиндалъун нилъ хвасарлъулеб.
13Пётрилги Иоаннилги хІинкъунгутІи бихьун, гьел гІалимзаби гуреллъи, гІадатиял гІадамал рукІин бичІчІун хІикмалъун хутІана гьел. Гьебмехалъ ракІалде щвана Пётрги Иоаннги ГІисада цадахъ рукІараллъи. 14Гьез сахлъизавурав чи гьенив жидеда аскІов чІун вихьидал, гьев кІиясдаго дандечІун абизе рагІи батичІо гьезда. 15Суд гьабулеб рокъоса къватІире гьелги гъун, гьезие щибдай гьабилаян ургъизе лъугьана гьел. 16«ТІолабго Иерусалималъул халкъалда лъалеб буго хІакъикъаталдаги гьез якъинаб мугІжизат бихьизабураблъи. Гьеб гьереси гьабун бажариларо нилъехъа, – ян абулеб букІана гьез. – 17Амма халкъалда гьоркьоб гьеб хабар хадубккунги тІибитІичІого букІине ГІисал цІар рехсон тІокІаб лъиданиги гаргадугейилан хІинкъизарун лъикІ гьел».
18АхІун жанирегун, гьезда лъазабуна тІокІаб ГІисал цІар бахъугеян ва гьесул цІаралдалъун вагІза гьабугеян. 19Амма Пётрицаги Иоанницаги гьезие жаваб кьуна:
– Нужецаго пикру гьабе: Аллагьасда цебе битІараб букІинищ, гьесухъ гІенеккичІого, нужехъ гІенекки? 20Нижедаго бихьарабги рагІарабги бицинчІого чІезе кІоларо нижеда.
21-22Халкъалъукьа хІинкъун чІухІби-хІакимзабазда кІвечІо гьезие кинаб бугониги тамихІ гьабизе ва, дагьалги цІакъ хІинкъизеги гьарун, нахъе риччана. Жив сахлъиялдалъун мугІжизат загьирлъарав дов чи вукІана кІикъого соналдасаги цІикІкІараб гІумруялъул чи. Гьесухъ ралагьун киназго Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.

 

Иман лъуразул дугІа

 

23КъватІире риччараб мехалъ Пётрги Иоаннги жидерго агьлуялъухъе ана; чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги жидеда абунщинабги гьезда бицана. 24Гьазул хабар рагІидал гьеб агьлуялъ киназго цадахъ Аллагьасде гьари бана:
– Зобал рижарав, ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав нижер БетІергьан! 25Дур лагълъун кколев нижер кІудияв эмен Давудил кІалдиб лъун дуца Илагьияб РухІалдалъун абун букІана:
«Халкъал щай ццидахун ругел,
Къавмаз щай гІантал жал гьарулел ругел?
26РачІун цолъана ракьалда ругел парччахІзабиги
ЧІухІби-хІакимзабиги
БетІергьанасда дандечІезе,
Гьесул МасихІида дандечІезе».
27ХІакъикъаталдаги Гьеродги, Понтий Пилатги, мажусиялги, Исраилил халкъги гьаб шагьаралда цолъана дур МасихІлъун кколев илагьияв вакил ГІисада дандечІезе. 28Цолъана цебеккунго дур къудраталъ ва дур къадаралъ бихьизабун букІараб хІукму тІубазабизе. 29Я, БетІергьан! Гьале гьез нижее хІинкъаби кьолел руго. ХІинкъичІого дур калам халкъалда лъазабизе къуват кье дурго лагъзадерие. 30Дур илагьияв вакил ГІисал цІаралдалъун унтарал-щокъал сахлъизаризе, гІаламатал ва мугІжизатал рихьизаризе квербакъе нижее!
31Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана.

 

Иман лъураз магІишат дандбала

 

32Иман лъуразул гьеб кІудияб агьлуялъул рухІалги ракІалги цолъун рукІана. Жиндирго букІараб боцІи-бечелъиялда лъицаниги абулароан гьаб дир бугилан, кинабго гІахьалаб букІана гьезул. 33Чапарзабазин абуни, кІудияб къудраталдалъун нугІлъи гьабулеб букІана ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъун вихьанин жидедаян. Ва кІудияб баркат лъун букІана гьел киназдаго. 34БетІербахъи загІипав чиги гьезда гьоркьов вукІинчІо. Щайгурелъул гІемерисезул букІана хур-ахги, мина-рукъги. Гьез гьеб бичулаан 35ва щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьолаан. Цинги гьезги, къваригІарасе къваригІарабгІан бикьун, киназего кьолаан. 36Барнаба абун чапарзабаз тІокІцІар кьурав (гьелъул магІна ккола «РакІбатизабулев») Кипралдаса Юсуп абулев цо левитас жиндирго хур бичана, 37гьелъухъ щвараб гІарацги чапарзабазухъе кьуна.

 

5 бетІер

 

Анания ва Сафира

 

1Анания абулев чиясги гьесул чІужу Сафирацаги жидерго хур бичана. 2Гьеб гІарцул цо бутІа босун чапарзабазухъе кьуна, хутІараб балъго гьабуна. (Гьесул чІужуялдаги лъалаан гьеб.)
3Пётрица абуна:
– Ле, Анания, щай дуца илбис рекІелъе лъугьине биччараб? Гьелъ мун гьесизавуна, хур бичун щвараб гІарцул цо бутІаги балъго гьабун, Илагьияб РухІ гуккизе. 4БичизегІан гьеб хурул бетІергьан мун гурищ вукІарав? Гьеб бичун щвараб гІарцул бетІергьанги мун гурищ ккарав? Дур рекІее кин гьеб къабуллъараб? ГІадамал гуро дуца гуккарал, Аллагь гуккана.
5Гьеб рагІарабго гІодов ккун хвана Анания.
Гьелъул хІакъалъулъ рагІанщинасул рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана.
6Рахъун гІолохъабаз мусралги ран, къватІибе босун, хабалъ букъана гьесул жаназа.
7Лъабго сагІаталдасан ячІун тІаде щвана лъугьанщиналъул хІакъалъулъ щибго лъаларей Ананиял лъади. 8Пётрица гьелда гьикъана:
– Бице, гьале гьаб гІарцудейищ нужеца хур бичараб?
Уйилан абуна гьелъ.
9Гьебмехалъ Пётрица гьелда абуна:
– Гьедин батани кІиялго рекъон Бичасулаб РухІалъул хІалбихьизе къасд гьабун бугоха нужеца. Гьале нуцІикІалтІе щун руго дур рос хабалъ вукъизе ун рукІарал гІадамал. Гьанже кватІичІого дур жаназаги босила гьез гьаниса къватІибе.
10ГьебсагІат Пётрида цее гІодой ккун хвана гьейги. РачІун долго гІолохъабаз росасулалда аскІоб букъизе босун ана гьелъул жаназаги. 11Иман лъуразул агьлуялъулги ва гьеб хабар рагІарал киналго цогидал гІадамазулги рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана.

 

Чапарзабаз мугІжизатал рихьизарула

 

12Чапарзабазул квераздалъун гІемерал гІаламатал ва мугІжизатал лъугьана халкъалда гьоркьор. Гьел киналго цадахъ Сулайманил рагъиде данделъулаан. 13Цониги чияр чиясда кІолароан гьезда аскІове къазе. Амма халкъалъ кІодо гьарулел рукІана гьел. 14ЦІакъ гІемерал гІадамаз – бихьиназги руччабазги – ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. 15Унтарал-гІажизал чагІи туртида лъун, бусада лъун къотІнорецин росулел рукІана гІадамаз цевесан унев Пётрил рагІадгІаги цо-цо чагІазда хъвалародайилан. 16Иерусалималда сверухъ ругел шагьараздасаги гІемераб халкъ бачІунеб букІана гьенибе, унтарал ва жундуз ккурал гІадамалги рачун. Киналго гьел сахлъулел рукІана.

 

Чапарзабазе гІакъуба кьола

 

17Гьебмехалъ бищунго кІудияв кашишасулги гьесул чукъбузулги рекІелъе (гьел рукІана саддукеязул мазгьабалъул гІадамал) кІудияб жахІда лъугьана гьездехун. 18Гьез чапарзаби ккун рачун шагьаралъул туснахъалда тІамуна. 19Амма сардилъ вачІун Бичасул малаикас, туснахъалъул нуцІа рагьун, гьел къватІире риччана. Цинги малаикас гьезда абуна:
20– Мукъадасаб Рокъоре ун тІаде рахъун халкъалда бице гьаб цІияб гІумруялъул хІакъалъулъ кинабго хабар.
21Гьес малъухъе чапарзаби радал хъахІлъи бараб мехалъ рахъун Мукъадасаб Рокъоре ана ва гьениб халкъалъе хабар бицана. РачІун бищунго кІудияв кашишги гьесул чукъбиги мажлисалде данделъана. Гьенир рукІана Исраилил халкъалъул киналго чІахІиял гІадамалги. Гьез нукарзаби ритІана туснахъалъур тІамун ругел чапарзаби рачун рачІаян. 22Амма гьел нукарзабазда чапарзаби туснахъалъур ратичІо. ТІадруссун рачІун гьез бицана:
23– Рахан-къан туснахъалъул нуцІаги батана, нуцІихъ эхетун хъаравулзабиги ратана. Амма, нуцІа ричІун жанире раккидал, гьенив щивниги ватичІо нижеда.
24Гьеб рагІидал, Мукъадасаб Рукъалъул хъаравулзабазул бетІерги чІахІиял кашишзабиги, гьелъул магІна щибдайилан, рихха-хочун лъугьана.
25ВачІун цо чияс лъазабуна гьезда, гьалея, дол нужеца туснахъалъур тІамун рукІарал чагІаз, Мукъадасаб Рокъореги рачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабулеб бугилан. 26Гьебмехалъ рахъун ун дол хъаравулзабазул бетІерасги гьесул нукарзабазги чапарзаби рачун рачІана. Амма хІал-зулмуялдалъун гуребха, – халкъалъ ганчІал речІчІун жалго чІвалилан хІинкъана гьел.
27Гьенире рачун рачІарал чапарзаби кІудияб судалда цере чІана. Бищунго кІудияв кашишас гьезда гьикъана:
28– Гьеб цІаралъул хІакъалъулъ халкъалда щибго бицунгейилан лъазабун гурищ нужеда букІараб? Нужецайин абуни тІолабго Иерусалималда тІибитІизабун буго гьеб дин ва гьев чиясул бидул хІакъги нижеде бугъизехъин буго нужеца.
29Пётрицаги цогидал чапарзабацаги гьезие гьадинаб жаваб кьуна:
– ГІадамазухъалдаса Аллагьасухъ цІикІкІун гІенеккизе ккола. 30Нилъер умумузул Аллагьас хваралъуса вахъинавуна нужеца гъотІода ван гъанкъарав ГІиса. 31Нилъ хвасар гьаризе жинцаго ПарччахІлъун гьавурав гьев жиндирго тахида аскІове зобалазде восана Аллагьас, Исраилил халкъ кантІизе ва гьезул мунагьал чуризе. 32Гьелъие нугІзал руго ниж ва жиндихъ гІенеккаразе Аллагьас кьураб Илагьияб РухІги нугІлъун буго гьелъие.
33Гьеб рагІидал, кІудияб судалъул гІадамазул ццин гьалаглъана. Чапарзаби чІвазе бокьун букІана гьезие.
34КІудияб судалда гьоркьов вукІарав Гамалиэл абулев цо фарисеяс тІаде вахъун амру гьабуна цо дагьаб мехалъ гьел чапарзаби къватІирехун ритІейилан. Гьев вукІана тІолабго халкъалъ къадру-къимат гьабулев динияв гІалимчи. 35Цинги гьес абуна:
– Я, вацал-жугьутІал! Гьал чагІазе щиб гьабилебали цІодорго хал гьабизе ккела нужеца. 36Дагьав цевегІан вачІун вукІана жив щивалиго вугилан чІарав Тевда. Гьесде вуссана ункънусгогІанасев чи. Гьев чІвараб мехалъ гьесул рахъ ккурал гІадамал рикьа-риххун ана ва гьезул хабар къотІана. 37Гьесдаса хадув халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабулеб заманаялда вачІун вукІана Галилеялдаса Ягьуда. Гьесдаги нахърилълъана гІадамал. Гьевги чІвана, гьесул рахъ ккуралщиналги додинго рикьа-риххун ун тІагІана. 38Гьединлъидал, гьале дица нужеда абулеб буго, щибго гьабичІого жалго те гьадал чагІи. Щайгурелъул гІадамаздасан бугеб амруги ишги гьеб батани, жибго биххун ина. 39Аллагьасдасан гьеб батани, нужеда кІвеларо гьеб биххизабизе. Аллагьасда данде рагъулел чагІилъунцин лъугьине гуринха нуж.
40Гьасухъ гІенеккана гьел. Жаниреги ахІун, цІалаца рухана гьез чапарзаби. ТІокІаб ГІисал цІар рехсон щибго бицунгейиланги лъазабун, нахъе риччана. 41Суд гьабулеб рокъоса къватІире рахъарал чапарзаби рази-ракиго рукІана ГІисал цІар сабаблъун хІакъирлъи-къварилъи насиблъанилан.
42Мукъадасаб Рокъоре унги, гьединго рокъо-рокъоре унги, гьез щибаб къойил гьоркьоса къотІичІогоМасихІ ГІисал хІакъалъулъ бицунаан ва Рохалил хабар лъазабулаан.

 

6 бетІер

 

Анкьго кумекчи вищула

 

1Гьеб заманаялда муридазул къадар цІикІкІанагІан, грек мацІалда кІалъалел жугьутІаз ягьудиязда тІасан гІарз бахъизе байбихьана щибаб къоялъ напакъа бикьулаго жидер къоролруччаби къварид гьарулел ругилан. 2Гьебмехалъ анцІила кІиявго чапарас, киналго муридалги данде ахІун, лъазабуна, Аллагьасул рагІи-малъиги рехун тун, жал садакъа-напакъаялде руссине рекъон букІинарилан. 3Гьанже, вацал, нужеда гьоркьоб къадру-къимат бугев, Илагьияб РухІалъ ракІги цІурав, цІодорав-гІакъилав анкьго чи тІаса вищизе ккелин. Цинги гьеб ишги гьезда тІадкъалин, 4нижги рукІинин Аллагьасе тІагІат гьабулел, гьесул РагІуе хъулухъ гьабулел.
5Кинабго агьлу разилъана гьелда. Гьез тІаса рищана Илагьияб РухІалъги иманалъги ракІ цІурав Стефанги, Филиппги, Прохорги, Никанорги, Тимонги, Парменги ва мажусияв вукІун Аллагьасде вуссарав Антиохиялдаса Николайги. 6Чапарзабазда цере чІезаруна гьел. Чапарзабазги, дугІаги гьабун, гьезда тІад квер лъуна.
7Гьедин Аллагьасул рагІи цІубалеб букІана. Муридазул къадар цІакъго-цІакъ цІикІкІана Иерусалималда. ЦІакъ гІемерал кашишзабазги иман лъуна.

 

Стефан ккун вачун уна

 

8Жиндилъ баркатги къудратги бугев Стефаница халкъалда рихьизарулел рукІана кІудиял мугІжизаталги гІаламаталги. 9Амма «Тархъанлъарал лагъзадерилин» абун цІар бугеб синагогаялде ва киренаязул, гьединго искандарияталдасезул синагогабазде ва киликиялдасезулги асиялдасезулги гІахьалаб синагогаялде какде хьвадулел цо-цо гІадамал Стефангун къацандизе, дагІбадизе лъугьана. 10Стефанилъ бугеб Илагьияб РухІги гьесул гІакъилаб каламги къезабизе кІвечІо гьезда.
11Гьебмехалъ гьез, гъоркьанго рекъезарун, цо-цо чагІи гьусун тІамуна Муса аварагги Аллагьги какун гаргадилев рагІанин гьев жидедаян абизе. 12Халкъги, халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги, диниял гІалимзабиги Стефанида дандечІезе тІамуна гьез. РачІун гьез ккун вачун Стефан кІудияб судалда цеве чІезавуна. 13Гьенире рачун рачІана гьаб хирияб бакІги[2] нилъер къанунги какун чІечІого гаргадулев вукІанин гьевилан гьересинугІлъиялъе гІадамал. 14Гьез абуна жидеда рагІанила Стефаница абулеб гьев Назареталдаса ГІисаца гьаб хирияб бакІ биххизабизе бугин ва Мусаца нилъее тарал гІадаталги хисизаризе ругилан.
15Судалда гьоркьор ругел гІадамал Стефанихъ ралагьун рукІаго, гьезда бихьана гьесул гьумер малаикасул гІадин лъугьун.

 

7 бетІер

 

Стефаница бицуна жиндирго иманалъул хІакъалъулъ

 

1Бищунго кІудияв кашишас Стефанида гьикъана гьеб битІараб бугищилан. 2Гьес жаваб кьуна:
– Я, дир вацалги умумулги! Дихъ гІенекке нуж. Харраналде гочиналдего, гьев жеги Месопотамиялдаго вугеб мехалъ, нилъер кІудияв эмен Ибрагьимие загьирлъун, Къудратав Аллагьас абуна: 3«Дурго росу-ракьги рехун тун, гІага-божаралги тун, мун а дица бихьизабизе бугеб ракьалде». 4Гьебмехалъ Ибрагьим, халдеязул ракьалдаса Харраналде гочун, гьенив чІана. Цинги гьесул эмен хун хадув Аллагьас гьев гочинавуна гьаб нужеца яшав гьабун бугеб ракьалде. 5Гьаб ракьалъул цохІо хІетІе чІарабги бакІалъул бетІергьанлъун гьавичІо Аллагьас Ибрагьим. Добмехалъ гьесул лъимер-бетІер букІинчІониги, БетІергьанас Ибрагьимие къотІи гьабуна гьесиеги гьесул наслу-тухумалъеги мулклъун кьелин гьаб ракьилан. 6Аллагьас цоги абуна гьесул наслуялъул гІадамал чияр ракьалда апарагзабилъун рукІине ругин, чияр лагълъиялда гъоркь гІакъуба-къварилъиялда хутІизе ругин ункънусго соналъ. 7Амма гьеб наслу лагълъиялде ккезабураб халкъалъе жинца жаза гьабизе бугиланги абуна Аллагьас. Гьелдаса хадуб доб ракьалдаса нахъе ун, гьаб ракьалде рачІинин ва гьаниб жиндие гІибадат гьабилиланги абуна.
8Цинги гьеб къотІи тІубазе букІиналъул гІаламатлъун сунат гьабизеги тІадлъуна Аллагьас. Гьединлъидал, Ибрагьимие ИсхІакъ гьавураб мехалъ, гьавун микьабилеб къоялъ гьесие сунат гьабуна. ИсхІакъие Якъуб гьавуна, Якъубиеги гьавуна анцІила кІиго вас – анцІила кІиго наслуялъул бетІер. 9Вацазул жахІда бергьун гьез Юсуп Мисриялде лагълъун вичана. Амма Аллагьас гьев рехун течІо, 10кинабго къварилъи-гІазабалдаса ворчІизавуна. Мисриялъул пиргІавнасдаги бихьизабуна Юсупилъ баркатги гІакъиллъиги букІин. ПиргІавнас гьесухъе кьуна тІолабго Мисриялъулги жиндирго рукъалъулги кверщел. 11Мисриялда ва КангІаналда, кутакалда ракъи багъарун, кІудияб къварилъи букІана. Кваназе жо гьечІого хутІана нилъер умумулги. 12Мисриялда хІалухъадул нахърател бугилан рагІун, Якъубица васал – нилъер умумул – ритІана гьенире. (Гьеб букІана Мисриялде гьезул тІоцебесеб сапар.) 13КІиабизеги вацал Мисриялде рачІараб мехалъ Юсупица бицана гьезда жив щивали, гьедин пиргІавнасдаги лъана лъил наслуялъул чи Юсуп вугевали. 14Цинги Юсупица, хадур чагІиги ритІун, эменги гьесул хъизан-агьлуги – кинавниги лъабкъоялда анцІила щуго чи – жиндихъего ахІана. 15Гьедин Якъуб Мисриялде гочана, гьевги цогидал нилъер умумулги гьенир хвана. 16ЦІидасан рукъизе гьезул жаназаби Сихемалде росана, гьениб Сихемалдаса Эмморил лъималазухъа Ибрагьимица гІарцухъ бичун босун букІараб хобалъур лъуна.
17Аллагьас Ибрагьимие къотІи гьабун букІараб болжал гІагарлъанагІан Мисриялда нилъер халкъ цІикІкІана, гІемерлъана. 18Гьеб заманаялда Мисриялъул парччахІлъун ккана Юсуп жинда лъаларев чи. 19Гьес нилъер халкъ сихІру-хІиллаялдалъун къварид гьабизе байбихьана, нилъер умумузе гІакъуба кьуна, гьарурал лъимал, тІалабго гьабичІого, хвезе теян лъазабуна. 20Гьебмехалъ гьавуна Муса. Аллагьас берцинлъи кьун букІана гьесие. Лъабго моцІалъ эбел-инсуца тІалаб гьабуна гьесул. 21Цинги нахъе рехидал, пиргІавнасул ясалъ гьев жиндиего вачана, вас гІадин хьихьана. 22Мисриялъул халкъалъул гІелму-гІакълу босарав чилъун лъугьана Муса, бицунеб рагІулъги гьабулеб ишалъулъги къудрат бугев вукІана. 23КІикъого соналде вахараб мехалъ гьесда ракІалде ккана жиндирго вацал – жугьутІал кин ругелали ваккизе ине. 24КъибтІияс цо жугьутІав вухулев ватун, гьесие хІалае вахъана Муса. Кьабураб жоялъ Мусаца чІвана гьев къибтІияв. 25Гьесда ккун букІана жугьутІазда бичІчІилин жив гьел хвасар гьаризе Аллагьас витІарав чи вукІин. Амма гьезда бичІчІичІо.
26Нахъисеб къоялъ Мусада кІиго жугьутІав ватана цоцалъ вагъулев. «Нужни вацал ругин, щай цоцалъ рагъулел ругел?» – ан абуна гьес гьезда. 27-28«Нижее ханлъи гьабизеги суд гьабизеги мун лъица тарав чи? Сон къибтІияв чІварав гІадин, жакъа дунги чІвазе бокьунищ бугеб?» – ан нахъе тункана Муса рагъулел рукІаразул цояс. 29Гьел рагІаби сабаблъун Муса Мисриялдаса лъутун ана ва МадгІаналъул ракьалда апараглъун чІана. Гьенив кІиго васасул эменлъун вахъана гьев.
30КІикъого соналдасан Синай магІарда аскІоб бугеб цо гІицІаб авлахъалда бухІулеб бугеб хъархъил цІадулъан Аллагьасул малаик рещтІана гьесухъе. 31ГІажаиблъун валагьун хутІана Муса. ЛъикІго хал-шал гьабизе гьеб хъархъида аскІове индал, Мусада рагІана БетІергьанасул гьаракь: 32«Дун вуго дур умумузул: Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги Аллагь». Нусабго лага сорон, гьеб хъарахъалъухъ валагьизе хІинкъана Муса. 33БетІергьанас гьесда абуна: «Дуца хьитал рахъе. ЦІакъ хирияб ракьалда хІетІе чІолеб буго дуца. 34Дида якъинго бихьана Мисриялда дир халкъ къварилъиялда букІин. Дида рагІана гьезул угьди-зигарди. Гьел хвасар гьаризе рещтІана дун. Гьанже а дурго, дица Мисриялде витІизе вугин мун!» 35Нижее ханлъи гьабизеги суд гьабизеги мун лъица тарав чийилан абун жугьутІаз жиндаса инкар гьабурав гьев Муса, хъархъилъан гьесухъе рещтІарав малаикасдалъун Аллагьас витІана гьезие ханлъи гьабизеги, гьел хвасар гьаризеги.
36Мисриялъул ракьалдаса къватІиреги лъугьинарун, БагІараб ралъдал рагІалдаги гІицІаб авлахъалдаги гІаламаталги мугІжизаталги рихьизарун, гьев Мусаца жугьутІал кІикъого соналъ жиндаго хадур рачана. 37Гьев Мусацайин Исраилил наслуялда гьадин абун букІараб: «Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи». 38Гьев Мусайин вукІарав гІицІаб авлахъалде данделъараб Исраилил халкъалда цадахъ. Гьенир Мусада цадахъ рукІана нилъер умумулги ва Синай магІарда гьесда кІалъарав малаикги. Нилъее кьезелъун Аллагьас гьесде рещтІана жакъаги цере ругел амруял. 39Амма нилъер умумузе бокьичІо гьел амруял тІуразаризе. Мусаги нахъе цун, гьезул ракІал Мисриялдехун руссана. 40Гьез Гьарунида абуна: «Нилъ гьаниса нахъе рачине кІолел аллагьзаби гьаре дуца нилъее. Нилъ Мисриялдаса гьанире рачарав гьадав Мусалги щиб ккарабали лъалеб гьечІо нижеда». 41Гьебмехалъ, бачил сурат гьабун, гьелъие къурбанал хъуна. Жидерго квералъ гьавурав гьев «аллагьасдаса» рохун рукІана.
42Аллагьас гьездехун мугъ рехана, цІвабзазе лагълъи гьабизе тана, Аварагзабазул ТІехьалда бугелъулха гьадинаб калима: «Я, Исраилил наслу! ГІицІаб авлахъалда кІикъого соналъ дие гуро нужеца къурбанал хъурал! 43Нужеца цадахъ босана Молех-аллагьасул чадир ва нужер Рефан-цІва абулев „аллагь“ – сужда-тІагІаталъе нужецаго гьарурал суратал. Гьединлъидал дица нуж Вавилоналъул гІорхъи бахун нахъе гочинарила». 44Добмехалъ гІицІаб авлахъалда нилъер умумузул букІана Аллагь жидеда цадахъ вукІиналъул магІна жиндилъ бугеб чадир. Гьеб гьабун букІана Мусада кІалъарав малаикас гьесда бихьизабуралъул сураталда. 45Гьеб чадир нилъер умумузе ирсалъе щвана Навин ГІисал бетІерлъиялда гочунаго, гьез гьеб цадахъ босана, гьел тІаде щолаго Аллагьас нахъе лъутизарурал къавмазул ракьалдеги. Гьеб кинабго лъугьана Давуд вахъиналде.
46Давудида Аллагьасул цІоб лъуна. Гьес БетІергьанасда гьарана Якъубил Аллагьасе рукъ базе бегьиларищилан. 47Гьеб рукъ барав чи Сулайман аварагин кколев. 48Амма инсанасул квералъ рарал рукъзабахъ ТІадегІанав Аллагьас яшав гьабуларо. Гьелъул хІакъалъулъ цо аварагас гьадин абун буго: 49«Дир тах зобалазда буго. Ракь Дир хІатІазукь буго. Кинаб рукъ нужеца Дие балеб? – ан абуна БетІергьанас. – Яги Дие рахІат-хІалхьиялъе кинаб бакІ нужеца балеб? 50Гьеб кинабго Дица бижараб гурищ?»
51ХъабаналъгІанги габур кьуризабуларел нужеца сунат гьабуни щиб, ракІги гІундулги рукІухъего хутІун ругелъул? Нужер умумулго гІадин, нужги кидаго Илагьияб РухІалда дандечІун руго. 52Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун. 53Малаикзабазул кумекалдалъун нужехъе бачІана Аллагьасул къанун, амма нужеца гьеб цІуничІо!

 

Стефанида ганчІал речІчІула

 

54Гьеб калам рагІидал гьезул рекІелъ ццин гьалаглъана ва гьесде цаби къерщезаризе лъугьана. 55Илагьияб РухІалъ цІурав Стефаница берал зобалазде руссинаруна. Гьесда бихьана Аллагьасул нурги ва гьесул кваранаб рахъалда чІун ГІисаги. 56Гьес абуна:
– Гьале дида зобал ричІун рихьулел руго ва гьенив Аллагьасул кваранаб рахъалда чІун ГІадамил Лъимерги вихьулев вуго! – ян.
57Гьебмехалъ гьел чІчІичІчІидизе лъугьана ва гІинзунир килщал къазаруна. Цинги цадахъго тІадречІчІун гьев гІодов ккезавуна, 58шагьаралдаса къватІивеги рехун, ганчІал речІчІун чІвана.
Гьенир рукІарал гІадамаз жидерго гІабаби Шаул абун цІар бугев цо гІолохъанчиясда цере лъун тана. 59Гьез ганчІал речІчІун чІвалеб мехалъ, Аллагьасул цІар рехсон, Стефаница гьарана:
– Я, ТІадегІанав ГІиса! Дир рухІ къабул гьабе! – ян.
60Цинги, кІиябго накуги гІодоб чІван, гьес ахІана:
– Я, БетІергьан! Гьазие мунагьлъун хъваге гьаб иш! – абун.
Гьебмехалъ Стефанил рухІ босун ана.

 

8 бетІер

 

Шаулица муъминзабазе гІазаб-гІакъуба кьола

 

1БитІун чІванин гьевилан рикІкІана Шаулица.
Гьел къоязда Иерусалималда кутакаб гІакъуба бихьана иман лъуразул агьлуялда. Чапарзаби хутІизегІан цогидал киналго рикьа-риххун Ягьудиялъул ва Самариялъул батІи-батІиял бакІазде лъутана. 2Муъминал гІадамаз Стефан хабалъ вукъана ва гьесда хадуб гІемераб магІу тІуна.
3Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана.

 

Самариялдаги Рохалил хабар тІибитІула

 

4Рикьа-риххун рахъ-рахъалде арал муридаз Рохалил хабар бицунеб букІана. 5Самариялъул цо шагьаралде арав Филиппицаги МасихІил хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб букІана гьениб. 6Гьес рихьизарурал мугІжизатазул хІакъалъулъ рагІунги бихьунги лъалел гІемерал гІадамал данделъун, Филиппихъ гІенеккулел рукІана. 7Гьелъие гІилла букІана хъубал женаз ккурал гІемерал гІадамазул чорхолъа къватІире гьел жундул чІахІиял гьаркьалги гьарулаго рачІунел рукІинги, гІемерал унтарал чагІи Филиппица сахлъизарулел рукІинги. 8Гьелдаса цІакъ бохун шагьаралъул халкъги букІана.
9Гьесдасаги цеве гьеб шагьаралда вукІарав цо Симон абулев чияс сихІру гьабун гІажаиблъизарун рукІана Самариялъул гІадамал. Симоница живго цІакъ кІудияб гьунаралъул чилъун вихьизавулев вукІана. 10«КІудияб къудратилан» абулеб къудрат жиндилъе лъугьарав чи вугин гьевилан гІисиназги чІахІиязги кІалухъ вахъун вукІана Симон. 11Гьев кІалухъ вахъиялъе гІиллаги букІана гІемераб заманаялъ гьес гьел жиндирго хІикматал ишаздалъун гІажаиблъизарун рукІин.
12Аллагьасул ПарччахІлъиялъул ва ГІиса МасихІил цІаралъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунев вугев Филиппида божарал бихьиналги руччабиги лъадалъ ччун рахъулел рукІана. 13Симонги божана гьесда ва живго лъадалъ ччун вахъизавуна. Гьелдаса хадув тІокІав вичІичІо гьев Филиппида аскІоса. Филиппица рихьизарулел ругел гІаламатаз ва кІудияб хІалкІолъиялъул ишаз хІайранлъизавун вукІана гьев.
14Самариялъул гІадамаз Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан рагІидал, Иерусалималда рукІарал чапарзабаз Пётрги Иоаннги ритІана гьезухъе. 15Гьенире щведал Пётрицаги Иоанницаги гьезулъе Илагьияб РухІ рещтІагийилан гьарун, муридазе дугІа гьабуна. 16ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьел лъадалъ ччун рахъун рукІаниги, Илагьияб РухІ рещтІун букІинчІо жеги гьезул цонигиясулъе. 17Пётрицаги Иоанницаги тІад квер лъураб мехалъ гьезулъеги рещтІана Илагьияб РухІ. 18Чапарзабаз тІад квер лъурав чиясе Илагьияб РухІ щолеб бихьидал, гьезие гІарацги босун вачІун, Симоница абуна:
19– ТІад квер бахъарав чиясулъе Илагьияб РухІ лъугьинабизе кІолеб гьеб нужер къудрат диеги кье, – ян.
20Амма Пётрица абуна:
– Гьеб гІарацги мунги – кІиялгоги цадахъ – паналъагийин нуж, дуда ракІалде кин ккараб мухь кьун Аллагьасул сайигъат бичун босизе. 21Аллагьасда цебе дур ракІ бацІцІадаб гьечІелъул, гьаб ишалъулъ дуе я бутІа, я ирс букІине гьечІо. 22Дурго гьеб квешлъиялда рекІекълъун тавбу гьабе ва БетІергьанасда гьаре гьел дур рекІелъ рижарал пикрабазда тІасалъугьайилан. 23Дида бихьулеб буго дур ракІ хъубаб жахІдаялъул цІун бугеблъиги, гьелдалъун мун мунагьалъул асирлъун лъугьун вугевлъиги.
24Симоница абуна:
– Гьеб нужеца бицунебщинаб балагь диде рещтІинчІого букІине дир рахъалдасан БетІергьанасе дугІа гьабе, – ян.
25ХІасил – чапарзабаз МасихІил хІакъалъулъ бицана ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна. Гьедин Иерусалималде тІадруссун унаго, Самариялъул гІемерал росабалъги бицана гьез Рохалил хабар.

 

Филиппги хІабашиявги

 

26Бичасул малаик вачІун, гьес Филиппида абуна:
– Вахъа, мун а гьанже Иерусалималдаса Газаялде бугеб нухдасан къилбаялъул рахъалдехун валагьун. ГІицІаб авлахъалдасан буго гьеб нух.
27Вахъун ана гьев. Иерусалималде зияраталъ ун вукІарав цо хІабашияв данде ккана. Гьев вукІана ХІабашистаналъул парччахІлъун йигей Кандакиял кинабго хазина божун тарав чи, живгоги бихьинчиясулаб къуваталдаса ватІалъарав ахта. 28ЧІухІараб чолгьакидаги рекІун, жиндирго ракьалде тІадвуссун унаго гьес цІалулеб букІана Ишая аварагасул тІехь. 29Гьеб гьакида аскІовеги витІун, Илагьияб РухІалъ Филиппида абуна гьелда цадахъ айилан. 30Векерун аскІове щведал, гьасда рагІана гьев чияс Ишая аварагасул тІехь цІалулеб.
– Дуца цІалулеб бугеб жоялъул магІна бичІчІулеб бугищ дуда? – ян гьикъана Филиппица гьесда.
31– Гьеб бичІчІизабизе чи гьечІони, кин гьелъул магІна дида лъалеб? – ан абуна гьес.
Цинги гьес Филиппида гьарана гьакиде вахун жинда аскІов гІодов чІайилан. 32Доб Илагьияб ТІехьалдаса гьадинаб калима цІалулеб бугоан хІабашияс: «Гьев вачун унев вукІана, хъвезе бачун унеб чахъу гІадин. КъунцІарухъанасда цебе кьегІер-хух буцІцІун чІолеб гІадин, кІутІби ричІун кІалъачІого унев вукІана гьев. 33Гьев гІодовегІанлъизавуна, гьесие ритІухъаб суд гьабизе инкар гьабуна. Гьесул наслу-тухумалъул хІакъалъулъ лъица бицинеб? Ракьалда тІад гьесул гІумру лъугІидалха».
34Ахтаяс Филиппида абуна:
– ТалихІ кьегийин, бице дида: лъил хІакъалъулъ аварагас гьедин абулеб бугеб? Жиндирго хІакъалъулъищ яги цогидасул хІакъалъулъищ?
35Гьес цІалараб калимаялдасан байбихьун кІалъазе лъугьарав Филиппица гьесие бицана ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабар.
36Гьедин унаго цо лъим бугеб бакІалде щведал, ахтаяс абуна:
– Балагье гьаниб лъим бугогури. Гьанив лъадалъ ччун вахъизавизе сунцаниги квалквал гьабиларо дие?
37-38Цинги гьес гьоко чІезабеян амру гьабуна. Филиппги гьев ахтаги, гьакидаса рещтІун, лъадалъе лъугьана ва Филиппица гьев лъадалъ ччун вахъана. 39Гьел лъадалъа къватІире лъугьараб мехалъ, Илагьияб РухІалъ восун ун, ахтаясул берда цевеса тІагІана Филипп. Цинги вохуца холаго жиндирго нухда ана ахта.
40Гьебмехалъ Филиппида живго Азоталде щун ватана. Цинги гьенисан унаго Къайсарияталде щвезегІан ругел киналго шагьаразул халкъалда Рохалил хабар бицана гьес.

 

9 бетІер

 

Шаулица иман лъола

 

1Шаулил рекІелъа унеб букІинчІо ТІадегІанав ГІисал муридал хІинкъизариялъулги гьел гъурун тІагІинариялъулги гъаргъар. Бищунго кІудияв кашишасухъе вачІун 2гьес абуна жив Дамаскалде, гьелъул синагогабазде инехъин вугин. Гьенир ГІисал Нух цІунун хьвадулел бихьинал ратаниги, руччаби ратаниги, кквезеги ккун, рухьинеги рухьун, жинца Иерусалималде рачинин, гьелъие изну букІин бицунеб кагъат кьейиланги гьарана.
3Гьедин унаго Дамаскалде гІагарлъидал тохлъукьего зобалаздасан нуралъ къалъ-къалъизавуна гьев. 4ГьебсагІат гІодов ккана Шаул.
– Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? – абун гьаракьги рагІана гьесда.
5– Мун щив, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Шаулица.
– Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолев ГІиса, – ян рагІана гьесда жаваб. – 6Гьанже тІаде вахъун шагьаралде а мун, доба бицина дуда щиб гьабизе кколебали.
7Гьесда цадахъ рукІарал гІадамал кІал-мацІ къотІун хутІана. Гьаракь рагІулеб букІин гурони, щивниги чи вихьулев вукІинчІо гьезда.
8Шаул тІаде вахъана. Амма берал ричІун валагьидал, щибниги бихьичІо гьесда. Бераздаса канлъи босарав гьев, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна. 9Лъабго къо бана гьес бадиса канлъиги босун. Я кваначІо, я гьекъечІо.
10Дамаскалда вукІана Анания абулев цо мурид. Илгьам лъугьун: «Ва, Анания!» – абун ахІана гьесде ТІадегІанав ГІисаца. «Дун гІенеккун вуго», – ян абуна гьес. 11Цинги ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна:
– Гьанже вахъун а мун БитІараб абун цІар лъураб къотІнове. Гьениб Ягьудал минаялъув цІехе Тарсалдаса Шаул абун цо чи вугищилан. Гьале гьаб параялда дугІа гьабулев вукІаго, 12гьесие илгьам лъугьана Анания абун цо чи вачІине вугин духъе, гьес тІад квер лъурабго беразда канлъиги бихьизе бугилан.
13Ананияца абуна:
– Я, ТІадегІанав ГІиса! Чанги чияс бицунеб рагІана дида гьев чиясул хІакъалъулъги, дуде иман лъуразе Иерусалималда кигІан гІемераб квешлъи гьес гьабурабалиги. 14Гьанивеги гьев вачІун вуго дур цІар рехсанщинав чи ккун вачун жанив тІамизе чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун.
15ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна:
– Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи. 16Дицаго бихьизабила гьесда дир цІар сабаблъун гьес кигІан гІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккелебали.
17Вахъун ун доб минаялъуве щвана Анания. Шаулида тІад кверги лъун, гьес абуна:
– Я, дир вац Шаул, ТІадегІанас – гьаниве вачІунаго нухда дуда кІалъарав гьев ГІисаца – дун витІана дидалъун дур беразда канлъи бихьизеги Илагьияб РухІ дуде рещтІинеги.
18ЧчугІил хъал кинигин, тІаса ана бецлъи, ва гьебсагІат канлъи бихьана. ТІаде вахъун ун гьев лъадалъ ччун вахъана. 19Цинги кванана-гьекъана, къуват-жан чорхолъе лъугьана.

 

Шаулица Дамаскалда Рохалил хабар бицуна

 

Цо чанго къо бана Шаулица Дамаскалда муридазда аскІоб. 20Гьебмехалъго синагогабазде ун гьес ГІисал хІакъалъулъ бицунеб букІана гьев ГІиса Аллагьасул Вас вугилан. 21Гьесул вагІза рагІанщинас хІикмалъун абулеб букІана:
– Гьеб цІар рехсанщинав чи тІагІинавизейилан Иерусалималда хІаракат бахъулев вукІарав чи гурищ гьав? Рухьинеги рухьун, гьел чІахІиял кашишзабазул кверде кьезе гурищ гьав гьанивеги вачІун вукІарав?
22Амма Шаулил рагІул къуват цІикІкІунеб букІиналъ ва ГІиса хІакълъунго МасихІ вугилан чІезабулеб букІиналъ тату хвезабуна Дамаскалда ругел жугьутІазул. 23Гьелдаса гІезегІанго заман индал, гьев чІвазе къотІи ккана гьезул. 24Шаулидаги лъана гьелъул хІакъалъулъ. Къасиги къадги шагьаралъул кавабазухъ гъоркьчІел гьабун букІана гьев чІвазе. 25Сардилъ гьесул муридаз гьев, гьагьинивги лъун, шагьаралъул рагІалда бугеб къадахъа гъоркье виччана.

 

Шаул Иерусалималде тІадвуссуна

 

26Иерусалималде щвараб мехалъ Шаулица къасд гьабуна муридалгун цолъизе. Амма гьев муридлъун лъугьун вукІиналда божичІого, гьесукьа хІинкъун рукІана киналго.
27Барнаба ана Шаулги вачун чапарзабазухъе. Дамаскалде унаго нухда Шаулида ТІадегІанав ГІиса вихьиялъулги, ТІадегІанав ГІиса гьесда кІалъаялъулги ва Дамаскалда хІинкъи-къай гьечІого гьев ГІисал цІар рехсон гьес гьарурал насихІатазулги хІакъалъулъ бицана гьезда Барнабаца. 28Гьелдаса хадув Шаул чапарзабазда цадахъ чІана. Гьезда цадахъ Иерусалималда киса-кивего унаан ва ТІадегІанасул цІар рехсон хІинкъичІого бицунаан Рохалил хабар. 29Гьев дагІбадулаан, къацандулаан грек мацІалда кІалъалел жугьутІалгун. Гьез къасд гьабуна Шаул чІвазе. 30Гьеб лъайдал, Къайсарияталдеги вачун, вацаз Шаул Тарсалде витІана.
31Гьедин тІолабго Ягьудиялда, Галилеялда ва Самариялда иман лъуразул агьлуялъул хІал лъикІлъана, БетІергьанасдаса хІинкъарал ва Илагьияб РухІалъ кантІизарурал гІемерал гІадамаз иман лъуна.

 

Пётрица хварай гІадан чІаголъизаюла

 

32Киназухъего щвезе къватІиве вахъун вукІарав Пётр гьале Лидда абулеб шагьаралда ругел иман лъуразухъе щвана. 33Гьенив ватана палижалъ ккун микьго соналъ бусада лъурав цо Эней абулев чи. 34Пётрица гьесда абуна:
– Эней, мун МасихІ ГІисаца сахлъизавуна. ТІаде вахъун дурго бусен бакІаре!
Эней гьебсагІат тІаде вахъана.
35Гьев сахлъун вихьана Лиддаялъулги Сароналъулги киналго гІадамазда ва гьез ТІадегІанасде иман лъуна.
Иоппиялда йикІана ТІабита абун цІар бугей цо мурид. 36(«Чанил цІцІе» абураб магІна буго гьеб цІаралъул.) ГІадамазе лъикІлъи гІемерай, мискиназе-пакъиразе садакъа гьарзаяй гІадан йикІана гьей. 37Гьеб заманаялда цо хехаб унтуца хвана гьей. ТІасарокъоб лъун букІана чурун къачІараб гьелъул жаназа.
38Лидда Иоппиялдаса рикІкІад букІинчІелъул, Пётр Лиддаялда вугин рагІарал муридаз кІиго чи витІана хехго жидеда тІаде щвайилан гьаризе. 39Вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялде щведал, гьев тІасарокъове вачана. ГІемерал къоролруччаби ратана гьенир. ГІодилаго гьез Пётрида рихьизарулел рукІана чІаго йигеб мехалъ гьелъ жидеего гьарурал гурдал ва цогидабги ретІел.
40Гьелги къватІире ритІун, Пётр суждаялда чІана ва дугІа гьабизе лъугьана. Цинги жаназаялдехун вуссун:
– ТІаде яхъа, ТІабита! – ян абуна гьес.
Гьелъ берал ричІана, Пётрихъги ялагьун, тІаде йорхун гІодой чІана. 41Кверги ккун, тІаде яхъинаюна Пётрица гьей. Цинги иман лъуралги къоролруччабиги ахІун, ТІабита чІаголъун йикІин бихьизабуна гьезда Пётрица.
42Гьелъул хабар тІибитІана тІолабго Иоппиялда. ТІадегІанав ГІисаде иман лъун гІемерав чи муъминлъана.
43Симон абулев цо дабагъчиясухъ гьоболлъухъ рещтІун Иоппиялда лъикІаланго къоял рана Пётрица.

 

10 бетІер

 

Пётр Корнелийихъе гьоболлъухъ уна

 

1Къайсарияталда вукІана Корнелий абулев цо чи. Гьев вукІана Италиялъулабилан абулеб полкалдаса рагъухъабазул нусилбетІер. 2Гьевги гьесул рукъалъул агьлуги Аллагьасукьа хІинкъарал, цІакъ диниял гІадамал рукІана. КІуди-кІудиял садакъабиги гьарулаан гьес гІадамазе, кидаго Аллагьасе тІагІат-гІибадаталдаги вукІунаан.
3Гьале цо къоялъ къаденахъе сагІат лъабго тІубараб мехалъ, тІасан загьираб илгьам лъугьун, Бичасул малаик вачІана гьесухъе.
– Корнелий! – абун кІалъана гьесда малаик.
4ХІинкъадго гьесухъги валагьун:
– Щиб, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Корнелийица.
Малаикас гьесие жаваб кьуна:
– Дур дугІабиги садакъабиги Аллагьас къабул гьаруна, бищунго къабулаб къурбан гІадин. 5Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. 6Гьев вуго дабагъчи Симонихъ гьоболлъухъ. Ралъдал рагІалда буго гьесул мина.
7Гьесда кІалъарав малаик цевеса тІагІаравго, Корнелийица кІиго рагьтІателги жиндирго цо муъминав нукарги аскІоре ахІун, 8гьезда гьеб кинабго бицана ва гьел лъабалго Иоппиялде ритІана.
9Нахъисеб къоялъул къалъул гІужалда гьел Иоппиялде щолел рукІана. ТІохде вахун дугІа гьабулев вукІана Пётр гьебмехалъ. 10Пётр вакъана, кванде хиял ккана гьесул гьениб. Гьесие квен къачІалеб букІаго, цебетІами лъугьана: 11зобал рикьун ана ва ункъабго гІинщги ккун гІодобе биччан бачІунеб бихьана цо кІудияб туруталда релълъараб жо. 12Гьелда тІад ругоан ракьалдасан хьвадулел киналго тайпабазул хІайваналгун шурулел жалги хІанчІиги.
13– Вахъун гьелги хъве, гьезул гьанги кванай, Пётр, – абун гьаракь рагІана гьесда.
14Пётрица абуна:
– Я, ТІадегІанав, дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги квинчІо.
15КІиабизеги добго гьаракьалъ абуна гьесда:
– Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца.
16Лъабабизеги рагІана Пётрида гьеб гьаракь ва гьебсагІат зобалазде босун ана доб турут гІадинаб жо. 17Гьелъул магІна щибдайилан пикрабазда Пётр вугеб мехалъ, Корнелийица ритІарал дол гІадамал, Симонил мина бугеб бакІ балагьизе гьесул кавудухъе щун рукІана. 18Гьез ахІунго-ахІун гьикъулеб букІана Пётр абун тІокІцІар бугев Симон вугищин нужер гьенив гьоболлъухъилан. 19Доб жиндаго цебетІамураб сураталъул пикрабазда вукІарав Пётрида Илагьияб РухІалъ абуна:
– ГІенекке, кІиго чи вуго мун валагьулев. 20Вахъун гьанже тІохдаса гъоркьеги рещтІун, сунданиги щаклъичІого, гьезда цадахъ а мун. Гьел руго дица ритІарал чагІи.
21Гьениса гъоркьеги рещтІун, дол гІадамазда абуна Пётрица:
– Дун ккола гьев нужеца валагьулев вугев чи. Щай нуж гьанире рачІарал?
22Гьез абуна:
– Корнелий абун вуго цо нусилбетІер, гьев вуго Аллагьасукьаги хІинкъулев, киналго жугьутІазда гьоркьоб кІудияб къадру-къиматги бугев лъикІав чи. Бичасул малаикас гьесие илгьам гьабуна мун рокъове ахІеян ва дур рагІабазухъ гІенеккеян.
23Пётрица гьел жанире рачана ва сордо бан гьенир чІезаруна. Нахъисеб къоялъ вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялдаса цо чанго диналъул вацги къватІиве вахъана гьезда цадахъ. 24КІиабилеб къоялъ Пётр Къайсарияталде щвана. Корнелий, жиндирго гІага-божаралги гьудул-гьалмагъзабиги ахІун, гьел рачІиналъухъ валагьун чІун вукІана. 25Пётр азбаралъуве лъугьунеб мехалъ, данде ун гьесда цеве суждаялда чІана Корнелий. 26Гьев тІаде вахъинавулаго, Пётрица абуна:
– ТІаде вахъа, дунги мунго гІадинав чийин.
27Гьевгун гара-чІварулаго рокъове жаниве лъугьарав Пётрида гІемерал гІадамал ракІарун ратана гьенире.
28Гьезда Пётрица абуна:
– Нужеда лъала жугьутІазул къануналда рекъон цогидал халкъазул гІадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе яги гьезухъ гьоболлъухъ рещтІине жугьутІчиясе бегьулареблъи. Амма Аллагьас дида бихьизабуна тІолабго махлукъаталда гьоркьоб цониги чиясда хъубавилан, нажасавилан абизе бегьулареблъи. 29Гьединлъидал дун, нужеца ахІаравго, тІадкІалъай гьечІого вачІана гьаниве. Гьанже бице нужеца: щай дида хадур чагІи ритІарал?
30Гьебмехалъ Корнелийица абуна:
– Ункъо къоялъ цеве, гьадинабго къалъудаса хадуб лъабго сагІат араб гІужалда дирго рокъов Аллагьасе как балев вукІана дун. ВачІун дида цеве чІана гвангъараб гІаба ретІарав цо чи. Гьес дида абуна: 31«Корнелий, Аллагьасда рагІана дур дугІа, дур садакъабиги рихьана гьесда. 32Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьев Пётр вуго ралъдал рагІалда мина бугев дабагъчи Симонил бакІалда». 33ГьебсагІатго ритІана дица дуда хадур чагІи. Мун гьаниве вачІун лъикІ ккана. Гьале гьанже ниж киналго Аллагьасда цере чІун руго, БетІергьанас дуе амру гьабурабщиналъухъ гІенеккизе.

 

«Аллагьасе лагъзал цого къагІидаялъ рокьула»

 

34Пётрица гьезда абуна:
– Гьанже якъинго бичІчІана дида Аллагьас жиндирго лагъзадерида гьоркьоб батІалъи гьабулареблъи. 35Кинаб къавмалъул чи вугониги, гьес къабул гьавула жинкьа хІинкъулев ва витІун хьвадулев чи. 36Гьес Исраилил халкъалъухъе битІана жиндирго рагІи. Гьеб рагІи буго ракълил хІакъалъулъ ругьел, ва ГІиса МасихІидалъун бачІана гьеб. Гьев МасихІ вуго киназулго ТІадегІанав. 37Нужеда лъала Галилеялдасан байбихьун тІолабго Ягьудиялда ккарабщинаб. Гьеб лъугьана ЯхІя аварагас лъадалъ ччун рахъизе кколилан лъазабуралдаса хадуб. 38Нужеда лъала Аллагьас Назареталдаса ГІисаде Илагьияб РухІги хІалкІолъиги рещтІинабураблъи, гьес киса-кивего ун гІемераб лъикІлъи гьабураблъи ва илбисалъул кверщаликь рукІарал киналго гІадамалги сахлъизарураллъи, – Аллагь гьевгун вукІиндалха! 39Ниж руго кинабго жугьутІазул ракьалдаги Иерусалималдаги гьес гьабурабщиналъе нугІзал. ГъотІода ван гъанкъун хвезавуна гьев. 40Лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги гьавуна Аллагьас гьев, хваралъуса вахъун вихьулевлъунги гьавуна.
41Амма киназдаго гуро гьев вихьарав. Гьев вихьана Аллагьас цереккунго тІаса рищун рукІарал, гьеб киналъего нугІзаллъун лъугьарал нижеда. Хваралъуса вахъун хадувги гьесда цадахъ кванарал-гьекъарал чагІи руго ниж. 42Гьес нижее амру гьабуна чІагоязеги хваразеги суд гьабизе Аллагьас тарав чи вугин живилан халкъалдаго лъазабеян, гьелъие нугІлъиги гьабеян. 43Киналго аварагзабаз цебеккунго бицун букІана гьесде иман лъуравщинасул мунагьал гьесул цІаралдалъун чуризе ругилан.

 

Цогидал халкъазухъеги Илагьияб РухІ рещтІуна

 

44Пётрил гьеб хабар лъугІилалдего гьесухъ гІенеккун рукІарал киналго гІадамазде Илагьияб РухІ рещтІана. 45Цогидал халкъазеги Аллагьас Илагьияб РухІ сайигъат гьабидал, гІажаиблъун хутІана Пётрида цадахъ гьенире рачІарал иман лъурал цоги жугьутІал. 46Цогидаб мацІалда гьезул кІалъайги гьез Аллагьасе гьабулеб реццги рагІулеб букІиндалха гьел жугьутІазда. Пётрица абуна:
47– Нилъее гІадин, Илагьияб РухІ насиблъарал гьал гІадамазе лъадалъ ччун рахъи гьукъулев чи вукІинищ?
48Цинги Пётрица гьезие амру гьабуна, МасихІ ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъайилан. Гьебмехалъ гьез Пётрида гьарана цо дагьаб мехалъ жидеда аскІов гьенив чІайилан.

 

11 бетІер

 

Цогидал халкъазул гІадамаз иман лъеялъул хІакъалъулъ

 

1Чапарзабазухъеги ва тІолабго Ягьудиялда рукІарал диналъул вацазухъеги хабар щвана цогидал халкъазги Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан. 2Пётр Иерусалималде тІадвуссараб мехалъ, иман лъурал жугьутІаздасан цо-цо чагІаз гьесие бадибчІвай гьабуна, 3сунат гьабичІел гІадамазухъе гьоболлъухъ ун, гьезда аскІов гІодов чІун кваназе бегьилаанищилан. 4Гьебмехалъ Пётрица мухІканго бицана гьезда жиндирго ккарал лъугьа-бахъиназул хІакъалъулъ:
5– Иоппия шагьаралда цо къоялъ Аллагьасе дугІа гьабулев вукІана дун. Гьебмехалъ цебетІами лъугьана дие. Ункъабго гІинщги ккун цо кІудияб турут гІадинаб жо зодиса гІодобе биччалеб бихьана. БитІахъе дида аскІобе бачІана гьеб. 6Гьелда тІад рихьана ракьалдасан хьвадулел ункъхІатІилал хІайванал, гьединго гІалхул хІайванал, шурулел жал ва хІанчІи. 7Цинги цо гьаракьалъ абулеб рагІана дида: «Вахъун гьелги хъве, Пётр, гьезул гьанги кванай», – ян. 8Дица абуна: «Я, БетІергьан! Дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги кІалдибе босичІо», – ян. 9КІиабизеги зобалаздасан добго гьаракьалъ абуна: «Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца», – ян. 10Лъабабизеги рагІана дида гьеб гьаракь. Цинги гьеб кинабго зобалазде эхеде цІан ана. 11Дун рещтІун вукІараб рукъалда цеве лъабго чи чІана гьеб параялъ. Гьел ратана Къайсарияталдаса дида хадур ритІун рачІарал чагІи. 12Илагьияб РухІалъ дида абуна сунданиги щаклъичІого гьезда цадахъ айилан. Дида цадахъ къватІиве вахъана гьав анлъавго диналъул вацги. Цинги ниж щвана дов чиясул бакІалде. 13Гьес нижеда бицана жиндир рокъове вачІун малаикас гьадин абунилан: «Дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. 14Гьес бицина мунги дур хъизан-агьлуги хвасарлъулеб хабар».
15Дица гьезие хабар бицине байбихьидал, добмехалъ нилъедего гІадин, гьездеги рещтІана Илагьияб РухІ. 16Гьениб дида ракІалде щвана: «ЯхІя аварагас лъадаца чурарал гІадин, Илагьияб РухІалдалъун чурила нуж», – ан ТІадегІанав ГІисаца добмехалъ абун рукІарал рагІаби. 17ТІадегІанав МасихІ ГІисаде иман лъурал нилъее гІадинаб сайигъат Аллагьас цогидал халкъазеги кьолеб бугеб мехалъ Аллагьасда дандечІаравани, дун щив чи ккелев вукІарав?
18Гьеб хабар рагІидал гьел гІодоре риччана. Аллагьасе рецц гьабун гьез абуна гьанже Аллагьас цогидал халкъазеги рес кьун бугин абадияб гІумру насиблъулеб тавбу гьабизе.

 

Антиохиялдаги гІемерал гІадамаз иман лъола

 

19Стефание зулму гьабураб заманаялда рикьа-риххун рахъ-рахъалде лъутун ун рукІарал муридал Финикиялде, Кипралде ва Антиохиялдецин щвана. ЖугьутІазда гурони гьез Рохалил хабар бицунеб букІинчІониги, 20гьезда гьоркьор рукІана Кипралдаса ва Киренеялдаса цо-цо гІадамал, Антиохиялде рачІун, гьениб греказдаги ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ жидеца Рохалил хабар бицине лъугьарал. 21БетІергьанас квербакъи гьабуна гьезие, ва цІакъ гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна.
22Гьезул хІакъалъулъ хабар рагІана Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялда ва гьез Барнаба Антиохиялде витІана. 23Гьениве щвараб мехалъ Барнабада бихьана гьеб агьлуялда Аллагьасул баркат лъун букІин ва гьелдаса вохана. Гьес киназдаго гьарана ракІ-ракІалъго ТІадегІанав ГІисаде иман лъун къвакІун чІайилан. 24Живго гьев Барнабаги вукІана Илагьияб РухІалъулги иманалъулги вугІун цІурав цІакъ лъикІав чи. Гьебмехалъги цІакъго гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна.
25Цинги Барнаба ана Шаул валагьизе Тарсалде. 26Гьенив ватун, Шаулги вачун, Антиохиялде тІадвуссана Барнаба. ТІубараб лъагІел рехана кІиясго гьениб. Гьеб лъагІелалъго иман лъуразул агьлу данделъарал бакІазде ун Барнабацаги Шаулицаги гІемераб халкъалъе вагІза-насихІат гьабуна. Гьениб Антиохиялда тІоцебе байбихьана муридазда христианалилан абизе.
27Доб заманаялда Иерусалималдаса Антиохиялде рачІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал. 28Агаб абун цІар бугев цо гьединав чияс, цеве вахъун, Илагьияб РухІалдалъун лъазабуна тІолабго ракьалда кутакаб ракъи букІине бугилан. (ХІакъикъаталдаги гьеб ракъи букІана Клавдий къайсарлъун вугеб заманаялда.) 29Гьебмехалъ муридаз хІукму гьабуна бугес бугелда рекъараб садакъа-напакъа Ягьудиялда ругел жидерго диналъул вацазе битІизе. 30Гьедин бакІарараб садакъа-напакъаги босун, гьез Барнабаги Шаулги ритІана Ягьудиялъул иман лъуразул бутІрузухъе гьеб щвезабизе.

 

12 бетІер

 

Гьеродица чапарзабазе гІакъуба кьола

 

1Гьеб заманаялда Гьерод ханас иман лъуразул агьлуялъул цо-цо гІадамал жанир тІамуна, гьел тІагІинаризе бокьун. 2Хвалчаца бетІер къотІун чІвана гьес Иоаннил вац Якъуб. 3Ягьудиязе гьеб рекІее гІураблъи бихьун, Пётрги тІамуна гьес туснахъалъув. (Гьел рукІана РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял.) 4Ккун вачун туснахъалъув тІамизавуна Гьеродица Пётр ва гьев цІунизе анцІила анлъго рагъухъанги тана хъаравуллъуда. Гьесда ракІалда букІана Пасхаялъул байрамалдаса хадуб халкъалда цеве вачун Пётрие суд гьабизе. 5Гьале Пётр туснахъалъув вуго. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъ тІадчІун Аллагьасде гьари-дугІа гьабуна гьесда гурхІаян.

 

Малаикас Пётр туснахъалъуса къватІиве вачуна

 

6Гьеродица метер халкъалда цеве вачинехъин вугеб сордоялъ кІиго рагъухъанасдехун рахсаца вухьун вугев Пётр кьижун вукІана. ХутІарал хъаравулзаби туснахъалъул нуцІихъ чІун рукІана.
7Гьале вачІун гьесда цеве чІарав Бичасул малаикасул нуралъ туснахърукъ къалъ-къалъизабуна. Хьолболъ квер тункун макьидасаги вигьинавун: «Хехго тІаде вахъа!» – ян абуна малаикас Пётрида. Гьесул кверазда рукІарал маххул рахсал рортун ана гьебмехалъ. 8Цинги малаикас гьесда абуна хьиталги парталги ретІеян. Гьес хьиталги парталги ретІана. Нахъеги абуна, мугъзаде гІабаги рехун, жинда хадув вачІаян.
9Пётр гьесда хадув къватІиве лъугьана. Амма гьесда ракІалде кколеб букІана гьев малаикас гьабулеб бугебщинаб жо жинда цебетІамулеб бугилан. 10Цо хъаравулзабазда, цинги цоги хъаравулзабазда цересан ун, туснахъалъусан шагьаралде бугеб маххул кавудухъе щвана гьел. Каву жибго рагьун ана. Гьениса къватІире лъугьун ун цо къватІ лъугІулеб бакІалде щведал, малаик цевеса тІагІана.
11Гьебмехалъ гІакълуялде вачІун живго жиндаго гаргадизе лъугьана Пётр: «ХІакъикъаталдаги БетІергьанас дихъе малаик витІун вачІана дун Гьеродил квердасаги ва ягьудиязул тІолабго халкъалъе бихьизе бокьун букІарабщиналдасаги хвасар гьавизе».
12Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ. 13Пётрица каву бухидал, Рода абун цІар бугей цо гъараваш ячІана гьеб лъица бухулеб бугебали хал гьабизе. 14Пётрил гьаракь батІа бахъизе лъайдал, гІемерго йохиялъ каву ричІизе рекІеда ятичІого, гьей жание екерун ана ва Пётр вугин кавудул кІалтІайилан бицана гьезда. 15Дур бетІер сверун бугилан абуна гьез. Жинца гьереси бицунеб гьечІилан чІана гьей. Пётрил рухІ батилин гьебилан абуна гьез.
16Пётрица жеги-жеги бухулеб букІана каву. Каву рагьараб мехалъ, гьенив Пётр ватидал, хІикмалъун хутІана гьел. 17РуцІцІун чІайилан гьезие квералъ ишанги гьабун, Пётрица бицана БетІергьанас жив туснахъалъуса къватІиве вачиналъул хІакъалъулъ. Цинги гьес абуна Якъубидаги[3] цогидал вацаздаги бицейин гьеб кинабго.
Гьениса къватІиве вахъун, цоги бакІалде ана Пётр.
18Радал, Пётр киведай тІагІанаян, кутакалда рихха-хочун лъугьана хъаравуллъуда рукІарал дол рагъухъаби. 19Пётр валагьеян амру гьабуна Гьеродица, амма кинго кодове щвечІо гьев. Дол хъаравулзабиги ахІун, кин-щиб ккарабилан цІехана Гьеродица, цинги гьел чІвазе буюрухъ кьуна.

 

Гьерод борохьги бан хола

 

Гьелдаса хадув Ягьудиялдаса Къайсарияталде ун, гьенив чІана Гьерод. 20Гьесул цІакъ ццин бахъун букІана Тиралъул ва Сидоналъул гІадамазда. Гьебмехалъ цоцазда дандги бан гьез Гьеродихъе жидерго вакилзаби ритІана. Гьезул ракьалде квана-гьекъолеб жо Гьеродил улкаялдаса бачІунеб букІана. Гьединлъидал, гьесул кІалгІаялъув рагьтІателлъун вукІарав Бластилгун гьоркьоблъиги гьабун, Гьеродидасан рекъел гьарана гьез. 21Гьелгун дандчІвазе къотІи гьабураб къоялъ, чІухІараб ретІелги ретІун, тахиде вахун гІодов чІана Гьерод ва, халкъги гІенеккун, гьездехун хитІаб гьабун кІалъана. 22Гьебмехалъ халкъалъ ахІулеб букІана, гІадан-инсан гурин, живго аллагь вугин жидеда кІалъалев абун.
23Амма гьес Аллагьасе рецц гьабичІелъул, гьебсагІат вачІун Бичасул малаикас жаза гьабуна Гьеродие, черхалда борохь бан хвана гьев.
24Гьедин цІубана ва тІибитІана БетІергьанасул рагІи. 25Барнабаги Шаулги, жидеда тІадкъараб ишги тІубазабун, Иерусалималдаса Антиохиялде тІадруссана. Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги вачана гьез жидедаго цадахъ.

 

13 бетІер

 

Барнабаги Шаулги сапаралъ рахъуна

 

1Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул. 2ТІадегІанасе тІагІаталъе данделъун ругеб мехалъ, Илагьияб РухІалъ гьезда абуна: «Барнабаги Шаулги дица цо ишалъе ахІулел руго. Нужеца гьел дихъе кьезе ккела», – ян. 3КІалги биччан, дугІаги гьабун, доз Барнабадаги Шаулидаги тІад квер лъуна ва нахъе ритІана.

 

Барнабаги Шаулги Кипр чІинкІиллъиялда

 

4Илагьияб РухІалъ ритІун гьел Селевкиялде щвана ва гьенисан, гамидаги рекІун, Кипралде ана. 5Саламиналде щведал, гьениб жугьутІазул синагогабазда Аллагьасул рагІи тІибитІизабизе лъугьана гьел. Гьезие кумекалъе цадахъ Иоаннги вукІана.
6Кипр чІинкІиллъи къотІун ун Пафосалде щвана. Гьенив ватана БариешуагІ абулев цо жугьутІав. Гьев вукІана сихІручи ва гьересиавараг. 7Сергий Павел абулев цІодорав-гІакъилав цо наибасул цевесев чиги вугоан гьев. Аллагьасул рагІиялъухъ гІенеккизе бокьун бугилан Сергий Павелица Барнабаги Шаулги жиндихъего ахІана. 8Амма СахІир-Элимаца (греказ гьедин абулаан БариешуагІида) хІаракат бахъулеб букІана гьев наибас иман лъезе биччаларилан. 9Илагьияб РухІалъ цІурав Шаулица (гьесул цогидаб цІар Павел букІана) гьебмехалъ гьесда бадибе абуна:
10– Ле, хІилла-рекІкІалъулги ва квешабщиналъулги вугІун цІурав илбисалъул вас, ритІухъабщиналъул тушман! БетІергьанасул битІараб нух гьетІа-кІичІизабичІого чІезе кІоларищ дуда? 11Гьале БетІергьанас дуде квер гьесулеб буго. ГьабсагІат мун бецлъила, дагьабго заманаялъ бакъул канлъиялдаса махІрумлъила!
Гьеб параялда дуниял бецІлъана гьесие, тІуванго бецлъана гьев. Квер ккун живго вачине чи валагьизе лъугьана. 12Гьеб кинабго бихьарав наибасул рекІелъе иман тІинкІана. Гьев хІикмалъизавуна ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ хабаралъ.

 

Павелица Рохалил хабар бицуна Писидиялъул Антиохиялдаги

 

13Павелги гьесда цадахъ рукІаралги Пафосалдаса гамида рекІун ун, Памфилиялъул Перга абулеб шагьаралде щвана. Гьездаса ватІалъун Иерусалималде тІадвуссана Иоанн.
14Пергаялдаса рахъун ун гьел Писидиялъул Антиохиялде щвана, шамат къоялъ синагогаялъуре лъугьун, гьенир гІодор чІана. 15МусалТавраталдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги калимаби цІалун рахъараб мехалъ, гьеб синагогаялъул бутІруз гьезухъе ритІарал чагІаз гьезда абуна:
– Я, вацал, гьаб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе бокьун батани, ниж нужехъ гІенеккила, – ян.
16ТІаде вахъун, кверги борхун, Павелица гьадин абуна:
– Я, вацал жугьутІал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал, гІенекке нуж дихъ! 17Гьаб Исраилил халкъалъул Аллагьас нилъер умумул тІаса рищана, апарагзабилъун Мисриялда рукІараб заманаялда Гьес нилъер халкъ кІодо гьабуна ва жиндирго кІудияб къудраталдалъун доб чияр ракьалдаса къватІире рачана. 18КІикъого соналъ гІицІаб авлахъалда рукІараб мехалъ, чанцІулго къосаниги, Аллагьас гьел рехун течІо. 19-20КангІаналъул ракьалда анкьго халкъги паналъизабун, гьеб ракь Исраилил халкъалъе ункънусиялда кІикъоялда анцІго сонгІанасеб заманаялъ ирсалъе кьуна Аллагьас. Цинги Шамуил авараг витІизегІан Аллагьас гьезие къадизаби кьуна. 21Хадуб гьез парччахІ кьейилан гьаридал, Аллагьас гьезухъе витІана Буняминил наслуялъул Кишил вас Шаул. КІикъого соналъ гьес парччахІлъи гьабуна гьезие. 22Цинги, гьевги тІаса рехун, Давуд авараг гьезие парччахІлъун гьавуна. Гьесул хІакъалъулъин Аллагьас гьадин абураб: «Дица Йессейил вас Давуд тІаса вищана. Гьев Дие рекІее гІуна. Дие бокьарабщинаб гьабизе буго гьес».
23Давудил наслуялдаса витІилин абун рагІи кьун букІарав ГІисаги витІун вачІана Гьес Исраилил халкъ хвасар гьабизе. 24Гьев ГІиса вачІиналде ЯхІя аварагас тІолабго Исраилил халкъалда лъазабуна кантІун Аллагьасде руссине лъадалъ ччун рахъаян. 25Жиндирго гьеб нухлул ахиралде щолев вугеб мехалъ, ЯхІяца абуна: «Нужеца дун щивлъун рикІкІунев вугев? Дун Дов гуро. Дидаса хадув вачІине вуго жиндир хьитил рухьен бичизецин дун мустахІикъав гьечІев чи».
26Я, дир вацал – Ибрагьимил наслуялъул лъимал ва цогидалги Аллагьасукьа хІинкъулел гІадамал! Нилъеейин Аллагьас битІараб нилъ хвасар гьарулеб гьеб рагІи. 27Амма Иерусалималъул гІадамазда ва гьезул хІакимзабазда гьев лъачІелъул ва щибаб шамат къоялъ цІалулел Аварагзабазул ТІухьдузда хъван букІарабги бичІчІичІелъул, гьез гьесие тамихІ гьабуна ва цебеккунго дол Илагьиял ТІухьдузда хъван букІарабги ритІухълъана. 28ЧІвазе гІураб гІайиб-хатІа тІадчІезабизе кІвечІониги, гьез Пилатида гьарана ГІиса чІвазе къотІеян. 29ГІисал хІакъалъулъ Илагьиял ТІухьдузда цебеккунго хъван букІарабщинаб гьел гІадамаз гьабун хадуб, гъотІодасаги вахъун, хабалъ вукъана гьев.
30Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. 31Гьелдаса хадув гІезегІан къояз вачІана гьев Галилеялдаса Иерусалималде щвезегІан жиндаго цадахъ рукІарал дол гІадамазухъе. Гьанже гьел гІадамал руго халкъалда цере гьесул нугІзаллъун. 32Нижецайин абуни нужеда Рохалил хабар бицунеб буго, Аллагьас нилъер умумузе гьабун букІараб къотІи гьес нилъее – 33гьезул лъималазе – тІубазабун, ГІиса хваралъуса вахъинавунилан.
Гьадин хъван буго Забуралъул кІиабилеб туркиялда: «Мун Дир вас вуго. Жакъа Дун дур Эменлъун лъугьана». 34Ракьулъ турун тІагІунгутІизе ГІиса жинца хваралъуса вахъинавиялъул хІакъалъулъ Аллагьас гьадин абун букІана: «Аллагьас Давудида лъураб баркат – лъиданиги кодоса бахъизе кІолареб Илагьияб баркат – лъела Дица дуда». 35Гьелъулго хІакъалъулъ цоги туркиялда руго Давудица абурал гьадинал рагІаби: «Дурго ракІбацІцІадав лагъ ракьул гвандинив туризавиларо Дуца».
36Жиндирго халкъалда гьоркьоб Аллагьасул амруги тІубазабун, Давуд къадаралде щвана, жиндирго умумузда хадув ана ва гьесул черхги ракьулъ турана. 37Амма Аллагьас хваралъуса вахъинавурасул черх ракьулъ туричІо. 38-39Гьединлъидал, дир вацал, нужеда лъан букІа ГІиса сабаблъун нужер мунагьал чуранилан лъазабулеблъи. Мусал къануналда рекъон Аллагьасда цере ритІухълъизе кІвечІебщиналъулъ ГІисадалъун ритІухълъила гьесде иман лъуравщинав чи.
40Гьединлъидал, воре, нуж цІодорго рукІа, аварагзабазул гьадинаб калимаялда бугеб иш лъугьине гурин нужеего: 41«Ле, иман инжит гьабун гаргадулел гІадамал, нуж ралагье, хІикмалъе ва паналъе, нужер заманаялда Дица гьабизе бугелъулха бицунилан кинго нуж божизе гьечІеб иш».
42Барнабаги Павелги синагогаялъуса къватІире рахъунаго, гІадамаз гьезда гьарана хадусеб шамат къоялъги жидее гьединаб вагІза гьабизе рачІаян. 43Гьеб данделъи биххун хадур гІемерисел жугьутІал ва Аллагьасе гІибадат гьабулел цогидал халкъазул гІадамал Павелидаги Барнабадаги хадур ана. Гьев кІиясгойин абуни гьезда малъулеб букІана Аллагьас гьезие кьураб баркатгун рукІайилан.
44Нахъисеб шамат къоялъ тІолабгоялде гІунтІун шагьаралъул халкъ бачІана Аллагьасул рагІухъ гІенеккизе. 45Халкъалъул гьел руккелал рихьидал, жугьутІазул жахІда ккана: Павелил хабар гьереси гьабун, гьев какун гаргадизе лъугьана. 46Амма Павелицаги Барнабацаги хІинкъичІого абуна гьезда:
– Нужедайин бищунго цебе лъазабизе кколеб букІараб Аллагьасул рагІи. Амма нужеца гьеб нахъе тункулеб бугелъул ва абадияб гІумру насиблъизе мустахІикъал гьечІеллъун нужецаго нужго рикІкІунелги ругелъул, гьале ниж цогидал халкъазде руссун руго! 47Гьадинаб калимаялдалъун БетІергьанасги амру гьабулеб бугелъул нижее: «Киналго халкъазе чирахълъун гьавуна Дица Мун, дуниялалъул рагІалдеги дуца хвасарлъи щвезабизе».
48Гьеб рагІидал, цогидал халкъазул гІадамал цІакъ рохана, Аллагьасул рагІуе рецц гьабизе лъугьана. Абадияб гІумру насиблъизе тІаса рищун рукІаралщиназ иман лъуна.
49Гьеб рахъалдаги тІибитІана Аллагьасул рагІи.
50Амма Аллагьасе гІибадат гьабулел ва къадру-къимат бугел руччабиги шагьаралъул хІакимзабиги Павелидаги Барнабадаги данде гьусун тІамуна жугьутІаз. Гьез гьев кІиявго шагьаралдаса къватІиве гъуна. 51Жидерго хІатІазда букІараб хІурги гьел гІадамазде кІутІун, Павелги Барнабаги Икониялде ана.
52Киналго муридалин абуни, Илагьияб РухІалъул цІун, роха-хинлъун рукІунаан.

 

14 бетІер

 

Павелицаги Барнабацаги Икониялда Рохалил хабар бицуна

 

1Икониялдаги гьез, жугьутІазул синагогаялъуре лъугьун, вагІза гьабуна, ва гІемерисел жугьутІалги цогидал халкъазул гІадамалги божана гьезда. 2Амма гьезда божичІел жугьутІаз, иман лъуразда данде гьусун тІамун, цогидал халкъазул гІадамазул рекІелъ гьездехун ццин багъаризабулеб букІана. 3Павелицаги Барнабацаги гІезегІан заман бана гьениб. Гьез хІинкъичІого бицунеб букІана ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ. Гьесул баркатаб рагІуда божизе гьезул квердалъун лъугьунел рукІана хІикматал ишалги мугІжизаталги. 4Шагьаралъул халкъ кІийиде бикьана гьебмехалъ: цоял жугьутІазул рахъалда рукІана, цогидал чапарзабазул рахъалда рукІана.
5Жидерго церехъаби-бутІрулгун цадахъ лъугьун, цогидал халкъазул гІадамазги жугьутІазги хІаракат бахъулеб букІана Павелги Барнабаги инжит-хІакъир гьаризе, цинги ганчІал речІчІун чІвазе. 6Гьеб хабар лъарабго, гьел гьениса Ликаониялде лъутун ана. Гьел рукІана Листра ва Дербия шагьараздаги гьезда сверухъ ругел бакІаздаги. 7Гьенибги бицунеб букІана гьез Рохалил хабар.

 

Листраялда Павелги Барнабаги аллагьзабилъун рикІкІуна

 

8Листраялда вукІана эбелалъ гьавуралдаса нахъего палижалъ ккурав, гІумруялъ жиндирго бохдузда вахъун чІун вилълъанхъичІев цо чи. 9Павелихъ гІенеккун вукІана гьев. ЛъикІго гьесухъ валагьидал, Павелида бичІчІана живго сахлъизе вукІиналда ракІ-ракІалъго божарав чи гьев вугевлъи.
10– ВитІун дурго бохдузда вахъун чІа! – ян ахІана гьесде Павелица.
ГьебсагІат кІанцІун тІаде вахъун, вилълъанхъизе лъугьана гьев.
11Павелица гьабураб иш бихьидал, гьенир рукІарал гІадамал ликаоназул мацІалда ахІдезе лъугьана инсанасул сураталда аллагьзаби рещтІун ругин жидехъеян. 12Барнабада гьез Зевсилан цІар лъуна. ВагІза-насихІат гьабун цІикІкІун кІалъалев вукІиндал, Павелида цІар Гермесилан лъуна. 13Шагьаралъул каву бахун къватІибехун букІараб Зевсил сураталъе хъулухъалъе тарав цо динияв чи, оцалги цере къотІун, тІугьдузул горалги росун, гІемераб халкъги цадахъ бачун, гьав кІиясулго хІурматалда къурбан хъвезе кавудухъе вачІана.
14Гьелъул хабар рагІидал кІиявго чапар – Барнабаги Павелги, – тІад бугеб ретІелги тІутІун бан, гьеб халкъалда аскІоре рекерун, ахІдезе лъугьана:
15– Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго. 16Цересел наслабазул халкъал Аллагьас тун рукІана жидеего бокьараб нухдасан ине. 17Амма жиндирго лъикІлъабаздалъун Гьес живго вугевлъи бихьизабичІого течІо. Гьес зобалаздасан цІад базабулаан, ах-хуралъул нигІматал рижизарулаан. Нужее квен-тІех кьолаан, нужер ракІал рохизарулаан.
18Гьединаб хабар бицун хІалицаго кІвана Павелидаги Барнабадаги жидер хІурматалда къурбан хъвеялдаса гьел руссинаризе.
19Амма гьениреги рачІун Антиохиялдаса ва Икониялдаса жугьутІаз Листраялъул гІадамал жидерго рахъалде руссинаруна. Павелида гьез ганчІал речІчІана, хун вугиланги тун, вехъерхъун шагьаралдаса къватІиве рехана. 20Амма муридал рачІун аскІор чІедал, тІаде вахъун, шагьаралде ана Павел.

 

Павелги Барнабаги Сириялде тІадруссуна

 

Нахъисеб къоялъ Барнабаги вачун гьев Дербиялде ана. 21Гьеб шагьаралдаги Рохалил хабар бицана гьез ва гІемерав чияс гьезде иман лъуна. Цинги гьел тІадруссун Листраялде, Икониялде ва Антиохиялде ана, 22муридазул ракІал къвакІизарулаго, гьезул иман щулалъизабулаго. Чапарзабаз абулеб букІана:
– ГІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьон гурони нилъ Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьинаро, – ян.
23Иман лъуразул щибаб агьлуялъе диниял бутІрулги тІамун тун, какал ран, кІалал ккун, нахъе унеб мехалъ гьез муридал толаан жидеца иман лъурав ТІадегІанасул цІобалда божун.
24Писидиялдасан ун гьел Памфилиялде щвана. 25-26Пергаялъул халкъалда Рохалил хабарги бицун, цинги гьел Атталиялде ана. Гьенисаги, гамидаги рекІун, Антиохиялде тІадруссана. Гьеб букІана гьанже гьез тІубазабураб ишалда тІоцебе Аллагьасул цІоб лъураб бакІ. 27Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан. 28Цинги гІемераб мехалъ Павелги Барнабаги гьел муридазда аскІор гьенир чІана.

 

15 бетІер

 

Чапарзабиги иман лъуразул бутІрулги Иерусалималда данделъула

 

1Ягьудиялдаса цо киналалиго гІадамал рачІун гьез вацазда абуна, Мусал къануналда рекъон сунат гьабичІони, нуж хвасарлъуларилан. 2Павелги Барнабаги гьезда тІадрекъолел рукІинчІо. КІудияб дагІба-къец ккана гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал Павелги, Барнабаги ва цо чанго чиги ритІана Иерусалималда ругел чапарзабазухъеги диниял бутІрузухъеги гьеб суал тІубазабизе. 3Гьедин иман лъуразул агьлуялъ ритІун, Финикиялдасан ва Самариялдасан унаго, гьенир ругел вацазда гьез мухІканго бицана цогидал халкъазул гІадамазги иман лъунилан. Кутакалда рохана гьел гьеб хабаралдаса.
4Иерусалималде щвараб мехалъ иман лъуразул агьлуялъги, гьенир рукІарал чапарзабазги ва диниял бутІрузги рохун къабул гьаруна Павелги Барнабаги. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидер гьениб ккарабщиналъулги бицана гьазда. 5Фарисеязул мазгьабалда ругел цо-цо иман лъураз, тІаде рахъун, абуна:
– Цогидал халкъаздаги нилъеца лъазабизе ккола Мусалкъанунги цІунейин, сунатги гьабейилан.
6Чапарзабиги диниял бутІрулги данделъана гьеб суал гьоркьоб лъезе. 7ЛъикІаланго заманаялъ дагІба-къецалда рукІана гьел. Цинги, тІаде вахъун, Пётрица абуна:
– ГІенекке, вацал! Нужеда гьоркьоса тІаса вищун, дол тІоцересел къояздаго дун витІана Аллагьас цогидал халкъазухъе гьезда Рохалил хабар бицине ва гьел иманалде ахІизе. Гьеб нужеда лъала. 8Щивав чиясул рекІелъ бугебги лъалев Аллагьас, нилъее гІадин, цогидал халкъазеги Илагьияб РухІ сайигъат гьабуна, жинца гьел къабул гьарунилан. 9Гьезулги ракІал рацІцІалъизарун, цогидал халкъаздаги нилъедаги гьоркьоб щибго батІалъи гьабичІо Аллагьас. 10Я нилъер умумузда, я нилъеда хІехьезе кІвечІеб рукь муридазул гарбидеги ккезабун, щай нужеца Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб бугеб? 11Амма нилъ божула ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун нилъ хвасарлъизе рукІиналда, гьединго гьелги хвасарлъизе рукІиналда.
12Гьебмехалъ киналго руцІцІун чІана. Цинги гьел гІенеккана Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидеца цогидал халкъазда рихьизарурал хІикматал ишазулги мугІжизатазулги хІакъалъулъ Павелицаги Барнабацаги бицараб хабаралъухъ. 13Гьезул хабар лъугІараб мехалъ, Якъубица байбихьана кІалъазе. Гьес абуна:
– Нуж дихъ гІенекке, вацал! 14Симоница гьабсагІат нилъеда бицана, гьезда гьоркьоса тІаса рищарал гІадамалги жиндирго халкълъун лъугьине бокьун, Аллагьас тІоцебесеб нухалъ цогидал халкъазул тІалаб-агъаз гьабунилан. 15Гьеб данде кколеб буго аварагзабазул гьадинаб калимаялда: 16«Гьелдаса хадув Дун тІадвуссина ва биххун букІараб Давудил рукъ къачІала, гьелъул чІваднал лъугІизарила, гьеб цІидасан бала. 17Цинги цогидал киналго гІадамал, хІатта Дица дирго халкълъун рикІкІине ругел цогидал халкъазул гІадамалги, Диде руссина». 18Гьедин абулеб буго БетІергьанас, гьесдасан гІадамазда цебеккунго лъалеб букІарабщинаб гьабула гьес. 19Гьединлъидал дида ракІалде ккола Аллагьасде руссунел ругел цогидал халкъазул гІадамазе нилъеца квалквал гьабизе бегьиларилан. 20Гьанже нилъеца гьезухъе хъван кагъат битІизе ккола гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, хъахІбалъиги гьабугеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги, гьединго биги хІарамаб бугилан. 21Мусал къанунин абуни, цебе заманаялдаса нахъего халкъалда бичІчІизабула щибаб шагьаралда щибаб шамат къоялъ синагогабазда цІалун.

 

Цогидал халкъазда гьоркьоса иман лъуразде кагъат

 

22Цинги чапарзабазги диниял бутІрузги, тІолабго иман лъуразул агьлуги разилъун, хІукму гьабуна Павелидаги Барнабадаги цадахъ Антиохиялде, жидедаго гьоркьоса вищун, кІиго чи витІизе. Гьез тІаса рищана жидедаго гьоркьор хІакимзабилъун рукІарал Барсаббайин абулев Ягьудаги Силаги. 23Гьезухъе кьун, гьадинаб кагъатги битІана: «Нужер вацазул – чапарзабазул ва диниял бутІрузул – рахъалдасан салам буго Антиохиялда, Сириялда ва Киликиялда ругел диналъул вацазде – цогидал халкъаздасан лъугьарал вацазде. 24Нижеда рагІана нижер тІадкъай гьечІониги цо-цо гІадамаз нужер рахІат хвезабулеб бугилан, нуж къосинарулел ругилан. 25Гьединлъидал нижеца, киналго разилъун, хІукму гьабуна нижее хириял Барнабадаги Павелидаги цадахъ тІаса рищун нужехъе вакилзаби ритІизе. 26Барнабаги Павелги руго ТІадегІанав МасихІ ГІисал цІаралъе гІоло гІумру кьурал гІадамал. 27Гьединго ритІулел руго Ягьудаги Силаги. Гьезги кІалалъ бицина нужеда гьаб нижер кагътил мурад. 28Илагьияб РухІалдаги нижедаги лъикІаблъун бихьун буго – паризаяб тун нахъияб жо нужеда баччизабиларилан. 29Нужеца кунге гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квен, биги гьекъоге, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунге, хъахІбалъиги гьабуге. Гьелдаса цІунун чІани, – гьеб буго лъикІаб иш. Вассалам».
30Гьеб данделъи биххун хадур гьел ункъалго Антиохиялде ана. Доре щведал, киналго данде ракІарун, кагъат гьезухъе кьуна. 31Гьеб кагъат цІалидал, муридал рохана гьединаб насихІаталдаса. 32Ягьудацаги Силацаги (гьел кІиялгоги рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал) гІемераб жо малъана гьезда. Гьелдалъун вацазул рекІелъ иман щулалъиялъе квербакъиги лъугьана. 33Цо заманаялдасан кІудияб хІурмат-адабгун Ягьудаги Силаги тІоритІизе рахъана вацал, ва жалго гьенире ритІарал вацазухъе тІадруссана гьел кІиялго. 34-35Павелги Барнабаги Антиохиялда чІана, гІемерал цогидал муридазда цадахъ ТІадегІанав ГІисал рагІи тІибитІизабулеб букІана гьез.

 

Павелги Барнабаги цоцаздаса ратІалъула

 

36Цо чанго къоялдасан Павелица Барнабада абуна:
– РачІа нилъ тІадруссун рилълъинин ва, ТІадегІанав ГІисал рагІи нилъеца тІибитІизабураб щибаб шагьаралде щун, вацал кин ругелали хал гьабилин.
37Барнабае бокьана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги цадахъ вачине. 38Амма Павелида ракІалде ккана доба, Памфилиялда, гьелги рехун тун нахъе арав, гьезул ишалъе гьелдаса хадуб кумекги гьабичІев чи цадахъ вачун лъикІ гурилан. 39Гьеб сабаблъун кІиясдаго гьоркьоб кьал ккана. Гьедин Павелги Барнабаги цоцаздаса ратІалъана. Маркги вачун, гамидаги рекІун, Барнаба Кипралде ана. 40БетІергьанасул цІобалъ рехун тогегиян дугІаги гьабун, Павелги тІовитІана вацаз. Силаги вачун, 41гьев Сириялдасан ва Киликиялдасан ана, иман лъуразул агьлуги щулалъизабулаго.

 

16 бетІер

 

Тимофейги чапарзабазда цадахъ уна

 

1Гьелдаса хадув Павел щвана Дербиялде ва Листраялде. Тимофей абун цо мурид вукІана Листраялда. Гьев вукІана иман лъурай жугьутІалъул вас, гьесул эмен вукІана грекав. 2Листраялда ва Икониялда ругел вацаз веццана гьасие Тимофей. 3Павелие бокьана гьев цадахъ вачине. Гьединлъидал гьеб рахъалда ругел жугьутІазул тІадкІалъай букІунгутІизе Тимофейие сунат гьабуна. Гьезда киназдаго лъалеб букІиндалха гьасул эмен грекав вукІин.
4Гьедин цо шагьаралдаса цоги шагьаралде ун, гьез диналъул вацазда бицунеб букІана Иерусалималда чапарзабазги диниял бутІрузги гьабураб хІукмуялъул хІакъалъулъ. Гьарулеб букІана гьеб тІубазабеян. 5Къоялдаса къоялде иман лъуразул агьлуялъул иман щулалъулеб букІана, муъминзаби гІемерлъулел рукІана.

 

Троадаялда Павелие илгьам лъугьуна

 

6Рохалил хабар босун Асиялде ине Илагьияб РухІалъ гьезие изну кьечІелъул, Павелги гьесда цадахъ рукІаралги ана Фригиялдасан ва Галатиялдасан. 7Амма Мисиялда дандбитІун бугеб бакІалде щун Битиниялде ине къасд гьабидал, ГІисал РухІалъ гьениреги риччачІо гьал. 8Гьедин Мисияги къотІун ун Троадаялде щвана.
9Гьеб сордоялъ цебетІами лъугьун тІаде вачІун Македониялдаса цо чияс Павелида гьарана ралъад къотІун жидехъе Македониялде вачІайилан ва жидее кумек гьабейилан. 10Павелие гьеб цебетІами лъугьун хадуб Македониялде ине гІедегІана ниж[4]. Нижеда бичІчІидалха Рохалил хабар бицине Аллагьас ниж гьенире ахІулел ругеблъи.

 

Филиппиялдаса Лидияца иман лъола

 

11Троадаялдаса гамида рекІун ниж Самофракия чІинкІиллъиялде ана. Нахъисеб къоялъ Неаполалде ана. 12Гьенисаги ана Филиппиялде. Гьеб батана Македониялъул гьеб рахъалда бугеб кІудияб шагьар, Рималъул кверщаликь бугеб вилаят. Гьениб нижеца чанго къо бана.
13Шамат къоялъ ниж ана шагьаралдаса къватІибехун бугеб гІурул рагІалде, жугьутІаз какал ралеб бакІ гьениб бугилан ккун. Гьенире рачІарал руччабазда аскІор гІодор чІун, гьелгун гара-чІварулел рукІана ниж. 14Тиатира шагьаралдаса Лидия абулей цо гІаданги йикІана нижехъ гІенеккун. ЦІакъго хирияб багІараб ххам бичун бетІербахъарай ва Аллагьасе гІибадатги гьабулей гІадан йикІана гьей. ТІадегІанас гьелъул ракІ гьесизабуна Павелил рагІи гІадахъ босизе. 15Гьелдаса хадур гьейги гьелъул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъидал, гьей гьардезе лъугьана:
– ХІакълъунго дун ТІадегІанасда божулей йикІиналда нужер ракІчІей батани, дихъе гьоболлъухъ рилълъа, – ян.
Жиндаго цадахъ рилълъине разилъизаруна гьелъ ниж.

 

Павелги Силаги туснахъалъур тІамула

 

16Цо къоялъ какал ралеб бакІалде унаго, цо гІолохъанай гъараваш данде ккана. Гьей йигоан карамалъи бугей гІадан, букІине-ккезе бугебщинаб цебеккунго бицунеб жен букІана гьелъул чорхолъ. Гьедин пал тІамун гьелъ гІемераб гІарац бакІарулаан жиндирго бетІергьабазе. 17Павелидаги нижедаги хадуй ячІунаго, чІчІичІчІидана гьей:
– Гьал руго ТІадегІанав Аллагьасе гІибадат гьабулел гІадамал. Гьез нилъеда бихьизабулеб буго нилъ хвасарлъулеб нух!
18Гьелдаса хадубги чанго къоялъ гьединго данде ячІун чІчІичІчІидулаан гьей. Ахирги гьелдехун вуссун ццин бахъун, Павелица гьадин абуна гьей гІаданалъулъ бугеб хъубаб женалда:
МасихІ ГІисал цІаралдалъун дица дуе амру гьабулеб буго гьей гІаданалъул чорхолъа нахъе аян!
Ва гьебсагІат нахъе ана гьеб.
19Жидее щолеб букІараб хайиралдаса махІрумлъарал гьей гъаравашалъул бетІергьабаз, ккун рачун, Павелги Силаги базаркъотІноре хІакимзабазда аскІоре щвезаруна. Гьелги судиязухъе рачун:
20– Гьал жугьутІал руго, – ян абуна гьез, – гьаз нилъер шагьаралда питна багъаризабулеб буго. 21Нилъеца – Рималъул гІадамаз – къабул гьаризеги тІуразаризеги бегьуларел гІадатал тІиритІизарулел руго гьаз.
22Халкъ цадахъго Павелидаги Силадаги тІаделъана. Къадияз амру гьабуна, тІаса ретІелги бахъун, хьопоца рухеян. 23ЛъикІго хьопоцаги рухун, туснахъалъур тІамуна гьел. Туснахъалъул хІакимасдаги лъазабуна лъутиларедухъ хъаравуллъи чІезабеян. 24Гьеб буюрухъ тІубазабун, гьес Павелги Силаги тІамуна туснахъалъул бищунго жанибегІан бугеб рокъор, гьазул бохдузда хІухьдулги рана.
25Сордо бащалъулеб заманаялда Павелги Силаги дугІаби гьарулел ва Аллагь веццун туркаби ахІулел рукІана. Гьазухъ гІенеккун цогидал туснахъалги рукІана. 26Тохлъукьего кутакалда ракь багъарана. КьучІдасанго гьаргьадизе лъугьана туснахъалъул къадал. ГьебсагІат киналго нуцІби рагьун ана, туснахъалъур ругезда ран рукІарал хІухьдул рортун ана. 27Макьидаса вигьарав туснахъалъул хІакимасда рихьана киналго нуцІби рагь-рагьун ун. Туснахъал лъутун ун ратилилан ккун, бахъун хвалченгун живго жинцаго чІвазехъин вукІана гьев.
28– Воре, дуца дуего жаза гьабуге, ниж киналго гьанир руго, – ян ахІана гьесде Павелица.
29Кан босизе чиги витІун, туснахъалъул хІаким векерун жаниве ана ва сородилаго Павелидаги Силадаги цеве кІалагъоркье речІчІана. 30Цинги гьес, гьелги къватІире рачун, гьикъана:
– Я, бетІерчІахъадал! Хвасарлъизе ккани, щиб дица гьабизе кколеб?
31– ТІадегІанав ГІисада божани, мунги дур рукъалъул агьлуги хвасарлъила, – ян абуна гьез.
32Цинги гьесдаги гьесул рукъалъул агьлуялдаги Аллагьасдасан Рохалил хабар бицана. 33Гьеб сордоялъ рокъоре рачун гьес Павелилги Силалги ругънал чурана. ГьебсагІат гьез гьевги гьесул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъана. 34ТІаде рачун гьес гьезие лъикІаб гьоболлъи гьабуна, Аллагьасде иман лъеялдаса кутакалда рохун рукІана гьевги гьесул рукъалъул агьлуги.
35Нахъисеб къоялъ радал судияз туснахъчиясухъе жидерго нукарзаби ритІун рачІана дов кІиявго чи къватІиве виччаян лъазабизе. 36Павелида аскІове вачІун туснахъчияс абуна:
– Судияз чагІи ритІун рачІун руго нуж къватІире риччайилан лъазабизе. Гьанже нуж берцинго нахъе а гьаниса.
37Павелица гьезда абуна:
– Рималъул гражданал рукІиналъухъги балагьичІого, судалъ хІукмуги гьабичІого, халкъалда цере рачун рухана ниж, цинги туснахъалъур тІамуна. Гьанже балъгого гьаниса яризаризе къваригІун бугин ккола. Гьелда ниж рази гьечІо. РачІинеги рачІун гьез жидецаго рачеян абе ниж гьаниса къватІире!
38Туснахъчиясухъе ритІун рукІарал нукарзабаз судиязда бицана гьадин абулеб бугин дозилан. Гьел хІинкъана Павелги Силаги Рималъул гражданал рукІин лъараб мехалъ. 39ТІасалъугьинаризе рачІун, гьез гьав кІиявго туснахъалъуса къватІиве вачана ва шагьаралдаса нахъе айилан гьарана. 40Гьелин абуни, туснахъалъуса къватІире риччаралго, Лидиял бакІалде ана. Цинги, вацалгун дандчІвараб мехалъ, гьезие насихІатги гьабун, сапаралде рахъана.

 

17 бетІер

 

Павелги Силаги Фессалоникаялда

 

1Амфиполалдасан ва Аполлониялдасан ун гьел щвана жугьутІазул синагогаги жаниб бугеб Фессалоникаялде. 2Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ. 3Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна:
– МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса.
4ЖугьутІазул гІемерисел, гьезда божун иманалде рачІун, Павелидеги Силадеги цолъана. Иман лъуразда гъорлъ цІикІкІунисел рукІана гьединго Аллагьасе гІибадат гьабулел грекалги, дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел руччабиги. 5Гьезда жахІда ккарал жугьутІаз, базаркъотІноре ун квешалщинал гІадамал ракІарун, шагьаралда багъа-бачари лъугьинабуна. Ясонил бакІалде рачІун гьез тІалаб гьабулеб букІана Павелги Силаги жидехъе кьеян. 6Гьенир гьел ратичІеб мехалъ, Ясонги гьенир рукІарал цо-цо вацалги шагьаралъул бутІрузухъе рехъерхъана. ГІадамаз ахІулеб букІана:
– Гьел руго тІолабго дуниял бегуниса бахъарал чагІи! Гьале гьанже нилъер гьаниреги рачІун руго. 7Гьав Ясоница гьел жиндихъего гьоболлъухъ рачун рукІана. Гьел киналго къайсарасулкъануналда дандечІун руго. ГІисайилан цоги парччахІ вугилан абулеб буго гьез!
8Гьеб хабаралъ халкъалъулги шагьаралъул бутІрузулги рахІат хвезабуна. 9Гъоркьлъалие гІарацги лъезабун, нахъе риччана гьез Ясонги цогидал муридалги.

 

Бероялъул гІадамал чапарзабазухъ гІенеккула

 

10Павелги Силаги гьеб сордоялъго Бероялде ритІана вацаз. Гьенире щведал гьал ана жугьутІазул синагогаялъуре. 11Фессалоникаялда ругездаса лъикІал ратана гьенир жугьутІал. МухІканго гІенеккана гьел гьазул рагІухъ. Гьазул хабар ритІухъаб бугищали лъазе щибаб къоялъ Илагьиял ТІухьдул цІализе лъугьана гьел. 12Гьазда божана гІемерисел жугьутІал, иман лъуразда гъорлъ дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел греказул руччаби, гІезегІан рукІана бихьиналги. 13Павелица Аллагьасул рагІи Бероялдаги тІибитІизабулеб бугилан рагІидал, Фессалоникаялдаса жугьутІаз, гьениреги рачІун, шагьаралъул халкъ гьезда данде гьусун тІамулеб букІана. 14Гьеб параялъго вацаз гамида рекІине ралъдал рагІалде витІана Павел. Силаги Тимофейги гьенирго чІана. 15Павел тІовитІизе ун рукІарал гІадамал, Афиниялде гьевги щвезавун, хехго жинда тІаде щвайилан Силахъеги Тимофейихъеги гьесул ругьелги босун, тІадруссун рачІана.

 

Павелица Афиниялъул халкъалда Рохалил хабар бицуна

 

16Силаги Тимофейги рачІинегІан Афиниялда чІун вукІарав Павелил цІакъ ракІ бакъвана гьеб шагьаралда гьересиаллагьзабазул гІемерал суратал рихьун. 17Синагогаялъуве лъугьун гьес гара-чІвари гьабулаан жугьутІазулгун ва Аллагьасе гІибадат гьабулел греказулгун. Щибаб къоялъ базаркъотІнове ун, гьенир ратаразеги бицунаан Павелица хабар. 18Гьенир Павелида ратана цо-цо философал – Эпикурил рахъ ккуралги стоикалги. Гьезул цояз абулеб букІана гьав чІандачиясе бицине бокьараб жогІаги щибдайилан. Цогидаз абулеб букІана чияр аллагьзабазул дин тІибитІизабулеб бугин гьесилан. Гьедин абиялъе гІиллалъунги ккана Павелица ГІисалги гьев хваралъуса вахъиналъулги бицунеб букІин.
19Ареопаг абулеб мажлисалде вачун, Павелида гьез абуна:
– Нижее лъазе бокьун буго кинаб гІелмуялъул дуца бицунеб бугебали. 20ЦІакъ хІикматаб хабар рагІулеб буго нижер гІундузда, гьединлъидал гьелъул магІна лъазе бокьун буго. 21(Афиниялъул халкъги къватІиса рачІарал апарагзабиги рукІунаан цІия-лъияб хабаралъул бицун накъиталда заман инабулел.) 22Мажлисалда цевеги чІун, Павелица абуна:
– Я, Афиниялъул гІадамал, дида бихьулеб буго нуж сундулъго цІакъ диниял чагІи ругеблъи. 23Шагьаралъул къватІахъ тирулаго гІемерал хириял бакІал ратана дида гьенир. ХІатта, «Щивали лъаларев аллагьасе» абун хъвай-хъвагІай гьабураб къурбан хъолеб бакІцин бугоан. Гьеле гьев, щивалицин лъалев гьечІониги, нужеца тІагІат гьабулев Аллагьасул динин дица тІибитІизабулеб бугеб. 24Гьев вуго гьаб дуниялги дуниялалда бугебщинабги бижарав Аллагь. Зоб-ракьалъул БетІергьан вугелъул, инсанасул квераз рахъун чІезарурал кІалгІабазда жанив чІоларо гьев. 25Яги инсанасул квераздалъун жиндие хъулухъ гьабизе ккаравги гуро Аллагь. Киданиги щибниги хІажалъуларо гьесие. Гьесин киналъего гІумруги, хІухьелги, цогидабщинабги кьолеб. 26Аллагьас тІоцеве цохІо чиясдасан лъугьинаруна дуниялалда ругел киналго халкъал. Щибаб халкъалъе болжалги ва чІезе бакІалъе гІорхъалабиги рихьизаруна. 27Аллагьас гІадамазе рес кьуна гьев валагьизе, гьев вукІин гьезул ракІалъ бицине ва гьезда гьев Аллагь ватизеги. Нилъер щивав чиясдаса рикІкІад гьечІелъулха гьев Аллагь. 28Гьесдалъун чІаго руго нилъ, гьесдалъун рахъун чІун руго нилъ, гьесдалъун гІумру гьабулеб буго нилъеца. Гьелъул хІакъалъулъин нужер цо шагІирас гьадин хъван букІараб:
«Нилъ киналго Гьесул
Лъимал ругелъул...»
29Гьедин Аллагьасул лъималлъун нилъ кколеб мехалъ, нилъеца бегьилищ меседалдасан, гІарцудасан, яги ганчІидасан лъугьинабураб жо илагьияб бугилан абизе, гьеб кинабго бугелъул устарасул квералъ гьабураб ва гьесул бетІералъ ургъараб жо. 30Нилъ жагьиллъуда ругеб заманаялда ккара-тараб Аллагьас нилъер гІайиблъун рикІкІунеб гьечІо. Амма гьанже гьес амру гьабулеб буго киса-кирего киналго гІадамал кантІун жинде руссаян. 31Жинца тІаса вищарав Чиясдалъун тІолго гІаламалъе ритІухъаб суд гьабулеб къо чІезабун бугила. Гьелда нилъер ракІчІезе гІолойила жинца гьев хваралъуса вахъинавурав.
32Хваралъуса вахъинавиялъул Павелица рехсей гьабидал, цо-цояз гьев гІад-хочІ гьавуна, цогидаз абуна гьелъул бицине цоги нухалъ вачІайилан.
33Павел гьезул мажлисалдаса нахъе ана. 34Амма гьесул рахъ ккун иман лъурал гІадамалги ккана. Гьезда гъорлъ рукІана мажлисалдаги гІахьаллъулев Дионисий абулев чи, Дамар абун цІар бугей чІужугІадан ва цогидалги.

 

18 бетІер

 

Павелие Коринфалда битІ ккола

 

1Цинги Павел Афиниялдаса Коринфалде ана. 2Гьенив гьасда ватана Понталдаса Аквила абун цо жугьутІав. Рималдаса киналго жугьутІал нахъе гъейилан бахъараб Клавдий къайсарасул буюрухъги тІубазабун, жиндирго чІужу Прискиллагун цадахъ Италиялдаса гочун вачІун вугоан гьев. Гьезухъе ваккизе ана Павел. 3Жанир гІадамал чІолел чадрал гьарун бетІербахъарал чагІи ратана гьел рос-лъади. Гьебго махщелалъул чи Павелги вукІиндал, гьезда цадахъ хІалтІизе лъугьана гьавги. 4Щибаб шамат къоялъ синагогаялъуве ун, жугьутІалги грекалги мукІур гьаризе кІвелародайилан, гьелгун гара-чІварулаан Павел. 5Силаги Тимофейги Македониялдаса гьенире рачІараб мехалъ, вагІза-насихІаталда тІадчІана Павел, гьев ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан жугьутІазда бичІчІизабизе. 6Амма, дандечІун, Павел какулев вукІана жугьутІаз. Гьединлъидал, жиндирго ратІлидаса хІурги кІутІун, гьес абуна:
– Нуж хвалде иналъул гІайибиял нужго руго. Дида гІайиб гьечІо. Гьанже дун цогидал халкъазухъе ана.
7Цинги синагогаги рехун тун, гьев вахъана Аллагьасе гІибадат гьабулев Титий Юст абулев цо чиясул гьениб аскІобго букІараб минаялъуве. 8Синагогаялъул бетІер Криспицаги гьесул рукъалъул агьлуялъги ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Гьенир Павелихъ гІенеккарал Коринфалдаса гІезегІанго чагІаз иман лъуна ва лъадалъ ччун рахъизаруна. 9Цо сордоялъ илгьам лъугьун ТІадегІанас Павелида абуна:
– Мун хІинкъуге! ВуцІцІун чІечІого, вагІза-насихІат гьабе. 10Дун дуда цадахъ вукІин лъай. Гьаб шагьаралда гІемер руго дица тІаса рищарал гІадамал. Гьединлъидал дуда аскІове къан, дуе зарал-зиян гьабулев чи вукІине гьечІо.
11Гьедин лъагІелгун бащдалъ гьенив чІана Павел ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна.
12Ахая вилаяталъул наиблъун Галлион вугеб заманаялда, киналго рекъон жугьутІал Павелида тІаде кІанцІана ва гьев судалде вачана. 13Гьез абуна:
Къануналда данде кколареб къагІидаялъ Аллагьасе дин гьабеян малъулеб буго гьав чияс халкъалда.
14Павелица кІалъазе кІал ричІилалдего, Галлионица жугьутІазда абуна:
– Ле, жугьутІал, гьас цо квешлъи гьабун букІарабани яги гьасда цоги такъсир ккун букІарабани, ритІухъаб суд гьабилаан дица гьасие. 15Кинабалиго рагІийила, лъилалиго цІарила, нужер къанунила, – нужер иш буго гьеб. Гьеб ишалда хурхараб суд гьабиларо дица.
16Цинги гьес суд гьабулеб рокъоса къватІире гъуна жугьутІал. 17Гьебмехалъ киналго синагогаялъул хІаким Сосфенида тІаде рортана ва суд гьабулеб рукъалда цеве гьев вухизе лъугьана. Амма Галлионица я гІин, я бер рехичІо гьезул гьеб гъалмагъиралде.

 

Павел Антиохиялде тІадвуссуна

 

18Гьелдаса хадубги Павелица гІезегІанго къоял рана гьенир. Цинги, вацазе къолъикІги гьабун, гамидаги рекІун, Сириялде ана. Гьесда цадахъ ана Прискиллаги Аквилаги. Кенхреялде щведал, гьес ботІрол рас къунцІана. Гьеб букІана Аллагьасе назруялъул[5] болжал лъугІараб заман. 19Цинги гьел Эфесалде щвана. Синагогаялъуве ана Павел, гьенир рукІарал жугьутІалгун гара-чІваризе. 20Гьез Павелида гьарана дагьаб мехалъги гьенив жидеда аскІов чІайилан, амма гьев разилъичІо. 21Гьезулгун къолъикІ гьабулаго, Павелица абуна, Аллагьас хъван батани, жив нахъеги нужехъе вачІинилан. Цинги гьев, Прискиллаги Аквилаги гьенир тун, гамидаги рекІун, Эфесалдаса нахъе ана.
22Къайсарияталда гамидасаги рещтІун, Иерусалималде ана. Гьениб иман лъуразул агьлуялъе саламги кьун, Антиохиялде ана. 23Дагьаб мехалъ гьенивги чІун, нахъе ана. Иргадал Галатиялъул ва Фригиялъул шагьаразде щун, гьенир рукІарал муридазул иман щула гьабизе квербакъи гьабуна.

 

Аполлос вачІуна Эфесалде, цинги Коринфалде

 

24Эфесалде вачІана Искандарияталдаса Аполлос абун цІакъ кІал-мацІ пасихІав цо жугьутІав. Илагьиял ТІухьдузда хъваралъул магІна лъалев пагьмуяв чиги вукІана гьев. 25Гьелдасаги цебе ТІадегІанав ГІисал Нух жинда бичІчІизабурав чи вукІана Аполлос. Лъадалъ ччун рахъиялъул хІакъалъулъ ЯхІя аварагас малъулеб букІараб гурони лъаларев Аполлосица, кІалдиб цІа ккун, цІакъ дурусго бицунеб ва бичІчІизабулеб букІана ГІисал хІакъалъулъ кинабго жо. 26Синагогаялъуве лъугьун, гьес хІинкъичІого хабар бицунеб рагІидал, Прискиллацаги Аквилацаги гьев рокъове ахІана ва дагьабги якъинго бичІчІизабуна гьесда Аллагьасул Нух. 27Цинги Аполлосие Ахаялде ине бокьидал, вацазул рекІее гІуна гьесул къасд ва дора ругел муридазухъе кагъатги хъвана гьев къабул гьавеян. Дове щведал, Ахаялда гьесдасан кІудияб квербакъи лъугьана Аллагьас цІоб лъуразул иман щулалъиялъе. 28Халкъалда цебе гьес цІакъаб ракІчІейгун гьереси гьарулел рукІана жугьутІал. Илагьиял ТІухьдуздасан мисалал рачун бихьизабулеб букІана ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан.

 

19 бетІер

 

Павелица Эфесалда кІиго лъагІел бала

 

1Аполлос Коринфалда вугеб заманаялда, мугІрузда ругел вилаятаздеги щун, тІадвуссун Эфесалде вачІана Павел. Гьенир ратарал цо дагьалго муридазда 2гьикъана гьес:
– Иманалде руссараб мехалъ Илагьияб РухІ лъугьанищ нужелъе? – ян.
Гьеб Илагьияб РухІалъул хІакъалъулъ жидеда рагІизего рагІичІилан абуна гьез. 3Кинха нуж лъадалъ ччун рахъаралилан гьикъидал, гьез абуна жал ЯхІя аварагасул къагІидаялъ лъадалъ ччун рахъанилан. 4Павелица гьезда абуна:
– ЯхІя аварагас гІадамал лъадалъ ччун рахъулел рукІана кантІун гьел Аллагьасде руссине. Гьес халкъалдехун абулеб букІана жиндаса хадув вачІине вугесде, ай ГІисаде, иман лъейилан.
5Гьеб рагІидал гьел муридал, ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъана. 6Цинги Павелица тІад квер лъедал, Илагьияб РухІ лъугьана гьезулъе. БатІи-батІияб мацІалда кІалъазе лъана ва гьезде Аллагьасул рагІи рещтІана. 7Кинавниги анцІила кІигогІанасев чи вукІана гьезул.
8Синагогаялде хьвадун, Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицун ва бичІчІизабун, лъабго моцІалъ гьезие вагІза гьабуна Павелица. 9Амма цо-цо гІадамал чанкІкІун чІун гІенеккулел рукІинчІелъул, халкъалда цебе ГІисал Нух гьез какулеб букІиндал, жиндирго муридалги рачун, гьезда аскІоса нахъе ана Павел. Цинги Тиранн абулев чиясул мадрасаялда гьабулаан гьес щибаб къоялъ вагІза-насихІат.
10Гьедин ана кІиго сон. Асиялда яшав гьабун рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана Аллагьасул рагІи.

 

СихІручагІи халкъалда цере инжитлъула

 

11Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун Павелил квердасан цІакъго чІахІиял мугІжизатал загьирлъана. 12ХІатта гьесул квербацІцІ яги ретІел-хьит унаан унтаразухъе босун, ва гьездалъун унтарал сахлъулаан, гІадамазул чорхолъа нахъе унаан хъубал жундулги.
13Цо бакІалдаса цоги бакІалде хьвадун, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъун бетІербахъарал чагІиги рукІана жугьутІазда гьоркьор. Гьанже гьез къасд гьабуна ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон инсанасул чорхолъа хъубаб жен бачахъизе. Гьез гьелда абулаан:
– Павелица жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІисал цІаралдалъун амру гьабулеб буго нижеца дуе гьев чиясул чорхолъа нахъе аян. 14(Гьел рукІана Ягьудиязул цо кІудияв кашиш Скевал анкьавго вас.)
15Гьеб хъубаб женалъ гьезда абуна:
– Дида ГІисаги лъала, Павелги лъала щив чияли, амма нуж щал кколел?
16Цинги гьеб хъубаб жен чорхолъ бугев чияс, тІадги речІчІун, гьел гІодор тІамуна. Лъукъ-лъукъун тату хварал гьел, тІад ретІелги гьечІого, тІуризе ккана гьеб рокъоса къватІире. 17Эфесалда рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана гьеб хабар. Кутакаб хІинкъи лъугьана гьеб халкъалъул рекІелъе. ТІадегІанав ГІисал цІаралъе рецц гьабуна гьез. 18Гьезул гІемерисез иман лъуна, Павелихъе рачІун, жидерго хъубал ишал рехсон, тавбу гьабуна. 19ГІемерал сихІручагІаз жидерго тІахьал, гІадамазда рихьулеб бакІалде росун, рухІана. Гьедин рухІарал тІахьазул багьа чІезабураб мехалъ, кІикъоялда анцІазарго гъурущалде бахунеб батана гьеб. 20Гьедин ТІадегІанасул къудраталдалъун тІибитІулеб ва щулалъулеб букІана Аллагьасул рагІи.

 

Эфесалда Павелида данде питна багъаризабула

 

21Гьединал лъугьа-бахъиназдаса хадуб, Илагьияб РухІалъ малъун, Павелица хІукму гьабуна Македониялъул ва Ахаялъул ракьалдасан Иерусалималде ине. Гьес абуна:
– Цин цо дове щвела дун, цинги дида Рим бихьизе ккола, – ян.
22Жиндирго кІиго кумекчи – Тимофей ва Эраст гьес Македониялде цере ритІана, живгойин абуни, дагьаб заманаялъ Асиялдаго чІана.
23Гьеле гьеб заманаялда лъугьана ТІадегІанасул Нухалда дандечІараб кІудияб питна. 24Деметрий абун цо гІарцул устар вукІана гьенив. Артемида аллагьалъул хІурматалда бараб храмалда релълъарал гІисинал храмал гьарун ричулаан гьес. Гьесул гьеб даран-базаралъул кутакаб хайир-пайда букІана цогидал устарзабазеги. 25Гьел устарзабиги ва гьесулалда релълъараб цогидаб махщелалъул гІадамалги данде ракІарун, гьес абуна:
– ГІенеккея, нужеда лъала нилъер магІишат гьаб даран-базаралда бараб бугеблъи. 26Гьанже нужеда бихьулеб ва рагІулеб буго гьадав Павелица, жиндаго божизабун, къосинабулеб бугеблъи, Эфесалда гуребги, тІолабгоялде гІунтІун Асиялда бугеб халкъ. Гьес абулеб буго, инсанасул квераздалъун гьарурал аллагьзаби – гьел аллагьзабилъун кколарилан. 27Гьедин нилъер махщел какун квешаб цІар чІвазе букІин гуребги, гьелдалъун хІинкъи буго нилъер кІудияй аллагь Артемидал храм щибго гуреб бакІлъун рикІкІинилан ва тІолабго Асиялдаги ва тІолабго дуниялалдаги халкъаз жиндие бетІерчІвалей гьей аллагьалъул цІар гьанже гІадин кІодо гьабиларилан.
28Гьебмехалъ устарзаби ццидаца гьалаглъун ахІдезе лъугьана:
– Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! – ян.
29ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. ГІадамазул цо къокъаялъ ккуна Павелида цадахъ гьеб сапаралда рукІарал Македониялдаса Гайги Аристархги. Цинги киналго рекерулел рукІана данделъаби тІоритІулеб бакІалде. 30Гьеб халкъалда гьоркьове лъугьине бокьун букІана Павелие, амма муридаз виччачІо. 31Асия вилаяталъул цо-цо чІухІби-хІакимзабазги, – Павелил гьудулзабиги рукІиндалха гьел, – гьесда аскІоре чагІи ритІун рачІана театралде унгейилан абун.
32Гьеб заманаялда цояс гьадин ахІун, цогидас додин ахІун, кутакаб гъалмагъир лъугьана гьениб. Гьезул гІемерисезда лъалебцин букІинчІо щай жал гьенире ракІарун ругелали. 33Гьале цо-цо гІадамаз цеве цун вачІана жугьутІаз кІалъазе тІамурав Александр абулев чи. ГІенеккейилан, кверги борхун, Александр халкъалда цеве жидеда гІайиб гьечІилан кІалъазехъин вукІана. 34Амма гьев жугьутІав вукІин лъайдал, цого гьаракьалъ кІиго сагІатгІанасеб мехалъ ахІана гьез:
– Нижер Эфесалъул Артемида кІудияй аллагь йиго! – ян.
35Цеве вахъун, шагьаралъул гІелас, гьелги гІодоре риччазарун, абуна:
– Ле, Эфесалъул гІадамал! КІудияй Артемидал храмги зодисан рещтІараб гьелъул суратги цІунулел гІадамал нуж ругеллъи лъаларев чи щив вугев? 36Гьелда дагІба базе бакІги гьечІеб мехалъ, гІодоре риччазе ккела нуж. Сундулъго хехдари рекъоларо. 37Гьанире нужеца рачун рачІарал гьал чагІаз храмалъуб цІогьги гьабичІо, нилъер аллагь какараб рагІиги гьазул кІалдиса къватІибе бачІинчІо. 38Деметрийил ва цогидал устарзабазул лъидехунниги дагІба бугеб батани, гьеб тІубазе тІадаб судги буго, наибзабиги руго. Гьезухъе гІарзалъ ине риччай. 39Гьелдаса батІияб суал нужер бугеб батани, къануналда рекъон, ахІун данделъигун, гьениб тІубазе ккела. 40Щибго гІиллаго гьечІого гьаб гъалмагъир нилъеца гьабидал, ургъунго питна багъаризабун бугилан, нилъеда гІайиб чІезабиялда хІинкъи буго. Щай гьанире ракІараралилан гьикъани, кьезе жаваб гьечІогури нилъер.
41Гьединги абун, халкъ бикьа-биххизабун нахъе битІана гьес.

 

20 бетІер

 

Павел Македониялде ва Ахаялде уна

 

1Халкъалъул гьеб ахІи-хІур лъугІараб мехалъ, жиндихъего ахІун муридазе насихІатги гьабун, къолъикІги гьабун, Павел Македониялде ана. 2Гьел вилаятаздасан унаго, халкъалъе гІемераб насихІаталъул хабарги бицунаго, гьев Грециялде щвана. 3Гьениб лъабго моцІги бан, гамида рекІун, Сириялде ине къачІараб мехалъ, Павелида лъана жугьутІаз жиндие квешлъи гьабизехъин букІин. Гьединлъидал гьес хІукму гьабуна Македониялдасахун тІадвуссун ине. 4Гьесда цадахъ ана Бероялдаса Пиррил вас Сопатр, Фессалоникаялдаса Аристарх ва Секунд, Дербиялдаса Гай, Тимофей ва Асиялдаса Тихикги Трофимги. 5Цере ун гьел ниж рачІинегІан Троадаялда чІун ратана. 6Нижин абуни, РеччичІел Панкъазул Байрамалъул къоял инегІанги чІун, гамида рекІун Филиппиялдаса къватІире рахъана, щуго къоялдасан гьезда тІаде щвана ва цо анкь гьениб рехана.

 

Гордухъан вортарав Эвтих чІаголъула

 

7Цо гьатІан къоялъ бекун чед кваназе данделъана ниж, цинги вацалгун гара-чІваризе лъугьана Павел. Нахъисеб къоялъ къватІиве вахъине къачІарав Павелица сордо бащалъизегІан бицана хабар. 8Ниж данделъараб тІасарокъор рекІун рукІана гІемерал чирахъал. 9ГортІа гІодов чІун вукІарав Эвтих абун цІар бугев цо гІолохъанчи, Павелил хабар халалъидал, кьижун ккана. Кьижухъего гьев лъабтІалаяб ригьалъул рагьараб гордухъан къотІнове вортун ана. Рекерун ун хал гьабидал, хун ватана нижеда гьев. 10Гъоркье вачІун Павелица гьев, гъуждулги ккун, тІаде ворхизавуна ва каранде къана. Цинги гьес абуна:
– Воре, нуж къварилъахъдуге, гьасул рухІ бахъун гьечІо, – ян.
11Нахъеги тІасарокъове вахун, бекун чед кванана Павелица, хъахІлъи рехизегІан гьезулгун хабар-кІалалдаги вукІун, сапаралъ вахъана гьев. 12Дов гІолохъанчиги, расги лъугьинчІеб гІадин, тІаде вачана ва киналго гьелдаса цІакъ рохана.

 

Павел Троадаялдаса Милеталде уна

 

13Цинги, гамида рекІун, ниж цереккунго Ассалде ана. Нижеда ракІалда букІана гьениса Павелги цадахъ вачине, гьес абун букІана жив гьениве лъелго вачІинилан. 14Ассалда Павел нижеда дандчІвараб мехалъ, гьевги вачун, гамидаги рекІун, Митиленаялде ана. 15Гьенисаги гамида рекІун ун, нахъисеб къоялъ Хиос чІинкІиллъиялъул хьолбохъан лъедон, цоги къоги нухда бан, Самосалде щвана ва хадусеб къоялъ Милеталда рещтІана. 16КІикъоялда анцІабилеб къоялъул байрам тІаде гІунтІилалде Иерусалималде щвезе бажарилародаян гІедегІун вукІиндал, Асиялда заман инабичІого рорчІизе гІоло, Эфесалде жанире лъугьинчІого ине хІукму гьабуна Павелица.

 

Эфесалдаса вацазе Павелица тІубанго къолъикІ гьабула

 

17Милеталдаса Эфесалде чи витІун, гьес иман лъуразул агьлуялъул бутІрул жиндихъего ахІана. 18РачІун гьел тІаде щведал, Павелица гьезда абуна:
– Асиялъул ракьалда дица тІоцебе хІетІе чІаралдаса нахъе дун нужгун цадахъ вукІаравлъи лъала нужеда. 19Дирго хІеренлъи-хІалимлъиялда бадиса магІу чвахулаго ва, дида дандечІарал жугьутІазул питнаби цІикІкІаниги сабруги гьабун, хъулухъ гьабуна дица ТІадегІанасе. 20Нужее пайдаяб щибго жо бахчичІо дица нужедаса: халкъалда цеве вахъунги щибаб къавулъе лъугьунги вагІза-насихІат гьоркьоса къотІизе течІо. 21ЖугьутІаздаги греказдаги, дунго нугІлъун чІун, дица бичІчІизабуна кантІун Аллагьасде руссаян ва нилъер ТІадегІанав ГІисаде иман лъеян. 22Гьале гьанже Илагьияб РухІалъ Иерусалималде ине гьесизавулев вуго ва гьениб щиб дир ккелебалиги лъаларо. 23Амма кинаб шагьаралде дун щваниги, Илагьияб РухІалдасан илгьам лъугьунеб буго Иерусалималда дида рахсал разе ругилан, дие гІазаб-гІакъуба букІине бугилан.
24Дирго гІумру хиралъун гуро дун кІалъалев вугев. Дица байбихьараб иш рагІалде бахъинабун ва ТІадегІанав ГІисаца кьураб тІадкъай тІубазабун, ай Аллагьас нилъеда цІоб лъун бугилан Рохалил хабар бицун чІалде щвезе бокьун буго. 25Гьанже дида лъала дица Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабурал нужеда дун тІокІав вихьизе гьечІевлъи. 26Гьединлъидал жакъа дица лъазабулеб буго, нужеда гьоркьоса цониги чи хвасарлъичІого хутІани, гьелъул гІайиб дида гьечІилан. 27Щайилан гьикъани, щибго бахчичІого дица нужеда бичІчІизабуна Аллагьасул амру.
28Воре, нужго цІуне! ГІисаца жиндирго биги тІун босараб ва Илагьияб РухІалъ нужеда тІадкъараб Аллагьасде иман лъуразул агьлуги, вехьас гІиял рехъен гІадин, цІуне нужеца. 29Дида лъала дун нужеда аскІоса нахъе араб мехалъ, хъантІарал бацІал рачІун, нужер гІиял рехъабазда гьел гурхІизе гьечІеллъи. 30Нужеда гъорлъги рахъина, муридал жидедаго хадур цІазе бокьун, гьел мекъи ккезаризе гаргадулел гІадамал. 31Гьеле гьездаса цІунун чІа нуж. РакІалда чІезабе лъабго соналъ дица къасиги къадги беразул магІу тІун гІодилаго нужеда гьаранщинабги малъанщинабги. 32Гьанже дица нуж ТІадегІанасда божун толел руго ва дир хьул буго гьесул цІобалъ нуж рехун теларилан. Гьесда кІола нужее къваригІанщинаб кьезе ва, Аллагьас тІаса рищаразего гІадин, нужееги ирс насиб гьабизе. 33Дица лъидасаниги тІалаб гьабичІо я гІарац, я хирияб ретІел-тІех. 34Нужеда лъала диеги дида цадахъ рукІаразеги къваригІара-тараб жо дица гьал дирго кверал квалквадун балагьараблъи. 35Дица сундулъго нужедаги бихьизабуна дун гІадин нужги хІалтІизе кколеллъи, загІипазе кумек гьабизе кколеблъи ва «Босаралъулъалдаса кьуралъулъ баркат цІикІкІараб буго», – ян ТІадегІанав ГІисаца абурал рагІаби кІочон тезе бегьулареблъи.
36Гьединги абун, киназдаго цадахъ суждаялда чІун, дугІа гьабуна Павелица. 37ГІодун магІу тІолаго, гьесда тІад хурхана, каранде къан, гьесда убачал гьаруна. 38ТІокІав киданиги нужеда жив вихьизе гьечІилан абурал гьесул рагІабаз хасго къварид гьаруна гьел. Цинги гамиде нуха регІана гьез Павел.

 

21 бетІер

 

Павел Иерусалималде уна

 

1Гьезулгун къолъикІги гьабун, гамида рекІун ниж битІун Кос чІинкІиллъиялдехун ралагьун ана. Нахъисеб къоялъ щвана Родосалде, гьениса Патараялде ана. 2Гьениб батана Финикиялдасахун ралъад къотІун унеб гама. Гьелде рахана ниж. 3Кипр чІинкІиллъи бихьараб мехалъ, гьебги квегІаб рахъалдехун тун, Сириялде ана ва Тиралда рещтІана. Гамидаса юк бахъизе кколеб букІана гьениб. 4Гьенир муридал ратун, гьезда аскІоб цо анкь рехана. Илагьияб РухІалъ малъун, гьез Павелида абулеб букІана Иерусалималде унгейилан. 5Гьеб нижер анкь индал, къватІире рахъана ниж. Жидерго лъудбигун, лъималгун шагьаралдаса къватІире ниж тІоритІизе рачІана муридал, ва ралъдал рагІалде щведал, нижеца суждаялда чІун дугІа гьабуна. 6Цоцазе къолъикІги гьабун, нижги гамиде рахана, гьелги тІадруссун ана.
7Тиралдаса рахъун арал нижер сапар Птолемаидаялда лъугІана. Вацазе саламги кьун, гьезда цадахъ цо къо гьениб бана. 8Нахъисеб къоялъ лъелго сапаралде рахъун, Къайсарияталде щвана. Иерусалималда тІаса вищун вукІарав анкьгоясдасан цояв – Филипп – гьенив ватун, гьесда рещтІана. Гьев вукІана Рохалил хабар лъазабулев чи. 9Рос-рукъалде яхъинчІей ункъо яс йигоан гьесул, ункъалъего Аллагьас кашпу-карамалъиги кьун бугоан. 10ГІезегІанго къоял рана гьенир нижеца.
Гьеб заманаялда Ягьудиялдаса Птолемаидаялде вачІана кашпу-карамалъи бугев цо Агаб абулев чи. 11Нижехъе вачІун Павелил рачелги босун, жиндирго бохдулги квералги рухьана гьес. Цинги абуна:
– Илагьияб РухІалъ абулеб буго гьаб рачелалъул бетІергьан Иерусалималъул жугьутІаз гьадин вухь-вухьун рехилин ва гьев мажусиязул квердеги кьелин абун.
12Гьеб рагІидал нижги гьеб ракьалъул гІадамалги Павелида гьардезе лъугьана Иерусалималде унгейилан. 13Гьебмехалъ Павелица нижеда абуна:
– Щай нуж гІодулел? Щай нужеца дирги ракІ бакъвазабулеб? Вухь-вухьун рехияли щиб гурин, ТІадегІанав ГІисае гІоло Иерусалималда хвезеги разияв вуго дун.
14Гьев мукІур гьавизе кІвечІелъул, руцІцІун чІана ниж БетІергьанас хъвараб лъугьинилан.
15Цо чанго къоялдасан къайи-цІаги къачІан, ниж Иерусалималде ине къватІире рахъана. 16Къайсарияталдаса цо-цо муридалги рилълъана нижеда цадахъ. Гьез ниж щвезаруна тІоцересел муридаздасан цоявлъун кколев Кипралдаса Мнасонил бакІалде ва гьесда рещтІана.

 

Павел Якъубгун дандчІвала

 

17Иерусалималде щведал, вацал рохана ниж рачІиналдаса. 18Нахъисеб къоялъ Павел, нижги рачун, Якъубил бакІалде вилълъана. Гьенире рачІана киналго диниял бутІрул. 19Павелица гьезие салам кьуна ва жиндир ишалдалъун Аллагьас цогидал халкъазда гьоркьоб гьабунщиналъул хІакъалъулъ щибго гьоркьоб течІого мухІканго бицана. 20Гьеб рагІидал, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. Цинги гьез Павелида абуна:
– Балагье, вац, гьанир жугьутІазда гьоркьоса ГІисаде иман лъурав аза-азар чи дудаго вихьизе. Гьез киназго кьуричІого цІунула Мусал къанунал. 21Дур хІакъалъулъ гьазда бицун буго дуцадила, цогидал халкъазул ракьалда ругел жугьутІазда абунги малъунги бугила Мусал диналъе хилиплъизе бегьулин, васазе сунат гьабичІониги гІолин ва нилъер гІадатал цІунизе кколарин. 22Гьанже щибха нилъеца гьабизе кколеб? Гьазда лъачІого хутІиларо мун вачІун вугевлъи. 23Гьединлъидал цо нижеца малъараб жо гьабе дуца: гьанив нижеда гьоркьов вуго Аллагьасе назруялъул гІадат цІунун чІарав ункъо чи. 24Гьелги цадахъ рачун ун, дуцаги тІубазабе ботІрол рас къунцІизе гьезие изну щолеб рацІцІалъизариялъул гІадат. Гьезие гІологи гІарац дуцаго кье. Гьебмехалъ киназдаго лъала дур хІакъалъулъ бицунеб бугебщинаб мекъи букІин, мунги Мусал къануналда рекъон хьвадулев чи вукІин. 25Иманалде руссарал цогидал халкъазул рахъалъин абуни, нижеца хІукмуги гьабун, гьезухъе кагъат битІун инчІищ гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, биги гьекъогеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунгеян ва хъахІбалъиги гьабугеян.
26Гьедин нахъисеб къоялъго гьев ункъавго чиги вачун ун, Павелица рацІцІалъизариялъул гІадат тІубазабуна. Цинги Мукъадасаб Рокъове лъугьун, гьес лъазабуна рацІцІалъиялъул болжал кида лъугІизе бугебали. Гьеб болжал лъугІараб къоялъ гьезул щивасдаса къурбан хъвезе кколаан.

 

Павел Мукъадасаб Рокъоса ккун вачун уна

 

27Гьеб иш лъугІулеб бугеб мехалъ, Мукъадасаб Рокъов гьев вихьана Асиялдаса рачІарал жугьутІазда. Гьез халкъалда гьоркьоб багъа-бачари лъугьинабуна ва тІад речІчІун Павелги ккуна.
28– Я, вацал жугьутІал! – ан ахІулеб букІана гьез. – Кумек гьабе нижее. Гьас киса-кирего гІадамал тІамулел руго нилъер халкъалдаги, нилъер къануналдаги, нилъер хирияб гьаб рукъалдаги дандечІезе. ХІатта гьес, грекалги жанире рачун, нилъер гьаб хирияб бакІ хъублъизабуна.
29Гьедин абиялъе гІиллаги букІана: Эфесалдаса Трофим вихьун вукІун вуго гьезда дагьав цевегІан шагьаралъул къотІносан Павелида цадахъ унев. Гьев Трофим жиндаго цадахъ Мукъадасаб Рокъовеги вачун вукІун ватилилан ккун буго гьезда.
30ТІолабго шагьаралда багъа-бачари лъугьана. Кисанго рекерун рачІун гІадамазул кІудияб руккел лъугьана. Кквезеги ккун, гьез Павел Мукъадасаб Рокъоса къватІиве вехъерхъана, ва гьебсагІат кавуги рахана.
31Гьез Павел чІвазехъин вугеб мехалъ, рагъухъабазул азарилбетІерасда рагІана тІолабго Иерусалималда гъалмагъир ккун бугилан. 32ГьебсагІат гьев, рагъухъабиги нусилбутІрулги рачун, гьениве вортана. АзарилбетІерги рагъухъабиги рачІунел рихьун, Павел вухулел рукІарал гІадамаз гьев живго тана. 33Гьебмехалъ аскІове ун, азарилбетІерас Павел нахъе вачана, кІиго рахасги бан вухьейилан буюрухъ кьуна. Цинги гьел гІадамазда гьикъана гьав щивилан, гьас гьабураб щибилан. 34Гьеб халкъалъул руккалилъ цояс гьадин ахІун, цояс додин ахІун, гьезул хъуй-хъаялъ щиб-кин ккарабали бичІчІизе кІвечІеб мехалъ, азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачейилан. 35Болъодухъа тІаде Павел вачунаго, тІаде гурун бачІараб халкъалъул руккелалдаса цІунизе, рагъухъабаз кодов ккун восизе ккана гьев. 36Хадур лъугьун гІемерал гІадамаз ахІулеб букІана гьев тІагІинавизе кколилан.

 

Павелица жиндаго гІайиб гьечІолъи чІезабула

 

37Хъалаялъул кавудухъе щведал, Павелица азарилбетІерасда абуна цо кІалъазе бегьилищилан.
– Дуда греказул мацІищ лъалеб? – ан гьикъана гьес. 38– Дагьаб цебегІан гъалмагъирги багъаризабун, ункъазарго хъачагъгун авлахъалде лъутун арав Мисриялдаса чи гуревищха мун?
39Павелица абуна:
– Дун вуго Киликиялъул Тарсалдаса жугьутІав, гьеб машгьураб шагьаралъул гражданин. Гьаб халкъалдехун хитІаб гьабун, цо кІалъазе изну кьейилан гьарулеб буго дица дуда.
40Гьебмехалъ изну кьедал, болъодул хІокІида чІун, кверги борхун, халкъалдехун вуссана Павел. Киналго гІадамал сихІкъотІун чІараб мехалъ, жугьутІ мацІалда кІалъазе байбихьана гьес.

 

22 бетІер

 

1Гьес абуна:
– Я, дир вацалги умумулги! Гьанже дихъ гІенекке нуж! Дида гІайиб гьечІолъи чІезабизе кІалъалев вуго дун.
2Павел жугьутІ мацІалда кІалъалев рагІидал, тІубанго сихІкъотІун чІана гьел. Гьебмехалъ гьес абуна:
3– Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи. 4Гьаб Нухде лъугьаразе чІваялде гІунтІунги гІазаб кьуна дицаги, бихьиналги руччабиги, ккун рачун, рахсаца рухьинаруна, туснахъалъур тІамизаруна. 5Гьелъие нугІлъи гьабила чІахІиял кашишзабазги киналго чІухІби-хІакимзабазги. Гьезул кагъатги босун унев вукІана дун Дамаскалда ругел иман лъуразухъе, рухь-рухьун гьел Иерусалималде рачине ва гьаниб гьезие тамихІ гьабизе бокьун.

 

Павелица бицуна жинцаго иман лъураб куцалъул

 

6Гьедин нухда унаго, Дамаскалде щолев вукІараб къоялъул къалъул гІужалда, тохлъукьего зобалаздасан рещтІараб нуралъ кутакалда къалъ-къалъизабуна сверухълъи. 7Дун гІодов ккана. «Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб?» – ан ахІулеб гьаракьги рагІана дида. 8«Мун щив, бетІерчІахъад?» – абун гьикъана дица. Гьес дида абуна: «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев Назареталдаса ГІиса». 9Дида цадахъ рукІараздаги бихьана гьеб нур. Амма дунгун кІалъалев вукІарасул гьаракь гьезда рагІичІо. 10«Я, бетІерчІахъад! Щибха дица гьабизе кколеб?» – абун гьикъана дица гьебмехалъ. ТІадегІанас дида абуна: «ТІаде вахъун, Дамаскалде а мун. Гьениб бицина дуда дуца гьабизе кколебщиналъул хІакъалъулъ». 11Гьеб нуралъул гвангъиялъ дир бадиса канлъи босана. Цадахъ рукІараз, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна. 12Гьенир ругел жугьутІазда гьоркьоб къадру-къиматги бугев, къануналъеги мутІигІав цо Анания абулев чи вачІана дида аскІове. 13Гьес абуна: «Я, дир вац Шаул! Валагье!» – ян. Гьеб лахІзаталда гьесухъ валагьидал, дир беразда канлъи бихьана. 14Цинги гьес дида бицана: «Нилъер умумузул Аллагьас мун тІаса вищун вуго жиндирго амруги дуда лъазе, Аллагьасул вацІцІадав вакилги вихьизе, гьесул каламги рагІизе. 15Дуда бихьаралъулги рагІаралъулги бицун, киналго халкъазда гьоркьов Гьесул нугІлъун вукІине ккола мун. 16Гьанже сундухъ балагьун мун чІун вугев? Лъадалъ ччун вахъизавун, гьесул цІар рехсон, дурго мунагьал чуризаре».

 

Аллагьас Павел цогидал халкъазухъе витІиялъул хІакъалъулъ

 

17Иерусалималде тІадвуссун Мукъадасаб Рокъов какда вукІагоги цебетІами лъугьана дие. 18Дида ГІиса вихьана, ва гьес дида абуна: «ЛахІзаталъ чІечІого мун Иерусалималдаса нахъе а. Гьанир божизе гьечІо дир хІакъалъулъ дуца бицаралда». 19Дица абуна: «Я, ТІадегІанав ГІиса! Гьазда лъала дуде иман лъурал гІадамал дица, ккун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІараблъи ва синагогабазда гьел рухулел рукІараблъиги. 20Дуе нугІлъи гьабурав Стефанил би гІодобе тІолеб мехалъ дунги вукІана гьенив. Дица гьеб лъикІаб ишлъун рикІкІана, гьев чІвалел рукІарал гІадамазул гІабабиги дихъе кьун рукІана цІунизе». 21ГІисаца дида абуна: «Дица мун гьаниса рикІкІаде цогидал халкъазул гІадамазухъе витІулев вуго. Гьезухъе а мун».
22Гьел рагІаби Павелил кІалдиса къватІире лъугьинегІан гІенеккун чІун букІараб халкъ нахъеги ахІдезе лъугьана:
– Ракьалдаса тІагІинавизе ккола гьев! Гьединав чи чІаго тезе бегьуларо!
23РетІелги бихъ-бихъун балаго, хІатІикь букІараб хІурги гьаваялде гьурщулаго, гьедин ахІделел гьел ругеб мехалъ, 24азарилбетІерас буюрухъ кьуна Павел хъалаялъуве вачеян ва гьес щиб гьабун букІун гьал гІадамаз гьедин ахІулеб бугебали цІалаца вухун бицинабейилан. 25ЦІалаца вухизе вухьунеб мехалъ, гьенив аскІов вукІарав нусилбетІерасдехун вуссун Павелица абуна суд гьабичІого Рималъул гражданин вухизе законалъ изну кьолебищилан. 26ГьебсагІат нусилбетІерас, азарилбетІерасда аскІове ун, абуна:
– Дуца гьабулеб жо щиб? Гьавни Рималъул гражданин вукІун вуго, – ян.
27АскІове вачІун, азарилбетІерас Павелида гьикъана:
– Бице дида: мун Рималъул гражданинищ? – абун.
Уйилан абуна гьес. 28НусилбетІерас гьениб абуна гьеб гражданлъи щвезе гІоло жинца гІемераб гІарац хвезабизе кканилан. Павелицаги абуна жив эбелалъ гьавуралдаса нахъего вугин Рималъул гражданин. 29Гьев цІалаца вухизехъин вукІарал гІадамал нахъегІан къана. АзарилбетІерги хІинкъана жинца вухь-вухьарав чи Рималъул гражданин вукІин лъайдал.

 

Павел судалда цеве чІола

 

30Павелиде жугьутІаз гІунтІизабулеб бугеб гІайиб мухІканго баянлъизе гІоло, нахъисеб къоялъ азарилбетІерасул буюрухъалдалъун чІахІиял кашишзабиги кІудияб судалъул гІадамалги данделъана ва, тІаса рахсалги рахъун, Павел гьезда цеве чІезавуна.

 

23 бетІер

 

1КІудияб судалъул гІадамазда берги речІчІизабун, Павелица абуна:
– Я, дир вацал! Жакъа къоялде щвезегІан дица Аллагьасда цебе ракІбацІцІадго гІумру гьабуна ва кидаго гьабичІо ритІухъаб гурони иш.
2Гьеб рагІидал кІудияв кашиш Ананияца аскІор рукІаразе амру гьабуна гьесул кІал бухейилан. 3Павелица гьесда абуна:
– Аллагьас вухила мун, хъахІракьалъ бохьараб къед! Мун гьанив гІодов чІун вуго къануналда рекъон дие суд гьабизе. Дуцайин абуни, къанунги хвезабун, буюрухъ кьолеб буго дун вухейилан.
4АскІор рукІараз гьесда абуна Аллагьасул кІудияв кашиш къабихІ гьавулев вугин дуцайилан. 5Гьебмехалъ Павелица абуна:
– Я, вацал! Гьав чи кІудияв кашиш вукІин лъачІо дида, Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дурго халкъалъул бетІерасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абуге», – ян.
6Гьенир ругезда гьоркьор саддукеялгифарисеялги рукІин лъараб мехалъ, ахІунго-ахІун абуна Павелица:
– Я, вацал! Дун вуго фарисеясул вас фарисеяв. Судалдеги дун вачун вуго къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналде хьул лъурав чи вугелъул.
7Гьес гьедин абидал, саддукеяздаги фарисеяздаги гьоркьоб дагІба ккун, цоцалъ рана судиял. 8(Саддукеял божулароан я къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналда, я малаикзабазда, я жундузда. Фарисеялин абуни гьеб киналдаго божулаан.) 9КІудияб ахІи-хІур багъарана гьениб. ТІаде рахъун фарисеязул цо-цо диниял гІалимзаби чІчІичІчІидизе лъугьана:
– Гьав чиясулъ щибниги квешлъи бихьулеб гьечІо нижеда. Щиб лъалеб, рухІ яги малаик батила гьесда кІалъан?
10Гьезул дагІба-рагІи гІорхъулъа индал, гьез Павел тІутІун вазе гурилан хІинкъун, азарилбетІерас рагъухъабазе буюрухъ кьуна гъоркье рачІун гьев нахъе вачейилан ва хъалаялъуве щвезавейилан.
11Нахъисеб сордоялъ вачІун, ТІадегІанав ГІисаца Павелида абуна:
– Мун къуркьуге! Иерусалималдаго гІадин, Рималдаги гьабизе ккезе буго дуца дие нугІлъи.

 

ЖугьутІаз къотІи гьабула Павел чІвазе

 

12Нахъисеб къоялъ цо-цо жугьутІаз гьедун къотІи гьабуна Павел чІвазегІан жал я кваналарин, я гьекъеларин. 13Гьедин Павелида дандечІаразул вукІана кІикъогоялдаса цІикІкІарав чи. 14ЧІахІиял кашишзабазда ва чІухІби-хІакимзабазда аскІоре ун, гьез абуна:
– Павел чІвазегІан я кваналарилан, я гьекъеларилан гьедун руго ниж. 15Нужецаги нужер судалъги азарилбетІерасда лъазабе гьеб ишалъул мухІканаб цІех-рех гьабизе бокьун бугин, Павел нужехъе вачейилан. Цинги гьаниве вачунаго нухда чІвала нижеца гьев.
16Гьеб хиянаталъул хабар лъан, Павелил яцалъул вас хъалаялъуве ана ва кинабго Павелида бицана. 17Гьебмехалъ аскІове ахІун гьес цо нусилбетІерасда абуна гьав гІолохъанчи азарилбетІерасухъе вачейилан, досда бицине цо хабар бугин гьасулилан. 18Гьев гІолохъанчиги азарилбетІерасухъе щвезавун, гьес досда абуна:
– Туснахъалъув вугев Павелица аскІове ахІун гьарана дида гьав гІолохъанчи духъе щвезавейилан, дуда бицине цо хабар бугин гьасулилан.
19Кверги ккун довегІан вачун, азарилбетІерас гьев гІолохъанчиясда гьикъана дида щиб бицине дуе бокьун бугебилан. 20Гьес бицана:
– ЖугьутІаз къотІи гьабун буго, мухІканаб цІех-рехалъе къваригІун вугиланги абун, метер Павел кІудияб судалде вачине виччайилан дуда гьаризе. 21Дуца гьезул гьариялъухъ гІин тІамуге. КІикъогоялдаса цІикІкІарав чи къачІан чІун вуго гьев чІвазе гъоркьчІелги гьабун. Гьев чІвачІого я кваналарин, я гьекъеларин гьедун руго гьел. Гьел ралагьун чІун руго дуца Павел судалде витІиялъухъ.
22Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги хІухь бахъугейиланги лъазабун, азарилбетІерас нахъе витІана гьев гІолохъанчи.

 

Павел витІула Феликс сардарасухъе

 

23Цинги кІиго нусилбетІерги аскІове ахІун, азарилбетІерас гьезда абуна:
– КІинусго рагъухъангун, гьединго лъабкъоялда анцІго рекІаравгун ва хеч кодоб бугев кІинусго аскариявгун цадахъ Къайсарияталде ине къачІай. Нуж къватІире рахъине ккола къаси сагІат ичІго тІубарабго. 24Павел рекІине чуялги къачІай. Нухда щибго зарал-зиян ккезе течІого, Феликс сардарасухъе щвезаве гьев.
25Цинги гьес гьадинаб кагъат хъвана: 26«ХІурмат тІадегІанав сардар Феликсиде салам буго Клавдий Лисийил рахъалдасан. 27Гьав чи жугьутІаз, ккун вачун, чІвазехъин вукІана. Рималъул гражданин вукІин лъайдал, рагъухъабиги рачун ун, дица гьав хвалдаса хвасар гьавуна. 28Гьасда бугеб гІайиб-хатІа лъазе гІоло дица гьав гьезул кІудияб судалде вачана. 29Гьениб дие баянлъана гьасде гьез гІунтІизабулеб тІолабго гІайиб гьезул жидерго къануналда хурхараб букІин, амма я чІвазе, яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьасда тІад чІечІо. 30Гьанже гьав чи чІвазе гьез гъоркьчІел гьабун бугилан абидал, дица гьав духъе витІулев вуго ва гьасда дандечІаразеги амру гьабуна гьасдасан бугеб гІарзалъ духъе айилан».
31Буюрухъ тІубазабун, рагъухъабаз Павел гьеб сордоялъго Антипатридаялде вачана. 32Нахъисеб къоялъ рекІарал ана Павелги вачун Къайсарияталде, цогидал рагъухъаби хъалаялъуре тІадруссана.
33Къайсарияталде щведал, Павел вачун рачІарал рагъухъабаз Павелги гьесул хІакъалъулъ хъвараб кагъатги сардарасухъе кьуна. 34Кагъат цІалун бахъарабго, Феликсица гьикъана Павел щиб вилаяталъул чийилан. Гьев Киликиялдаса вукІин лъайдал, 35Феликсица абуна:
– Дуде гІайиб гІунтІизабурал гІадамал тІаде щвараб мехалъ гІенеккила дун духъ, – абун.
Цинги гьес буюрухъ кьуна, хъаравуллъиги чІезабун, Павел Гьеродил кІалгІаялъув тейилан.

 

24 бетІер

 

ЖугьутІаз Павелиде гІайиб гІунтІизабула

 

1Щуго къоялдасан кІудияв кашиш Ананияда цадахъ гьенире рачІана чІухІби-хІакимзабаздасан чанго чиги Павелиде гІайиб гІунтІизабизе вачарав адвокат Тертуллги. РачІун гьез Павелида тІасан сардарасде гІарз бахъана. 2Павел вачун цеве чІезавидал, Тертуллица байбихьана гьесда ккараб гІайиб бицине. Гьес абуна:
– Дур бетІерчІахъаяв Феликс, дуцаги дур тІалаб-агъазалдалъун гьаб нижер халкъалъул гІумруялъулъ ккезарурал лъикІал хиса-басиязгийин ниж щулияб ракълиде рачарал, 3гьеб киналъухъго кидаго ва кибго нижер кІудияб баркала буго дуе. 4Цинги, гІемер халат гьабун, дур рахІат хвезабиларо. Гьарула дуда нижер къокъабго гІарзалъухъ, дур сабруялда рекъон, гІинтІамейилан. 5Нижее баянлъана гьав чи кІудияв вабаалъул унти вугевлъи. Христианазул гьересияб мазгьабалъе бетІерлъиги гьабун, гьас дуниялалда ругелщинал жугьутІазда гьоркьоб питна багъаризабулеб буго. 6ХІатта гьас къасд гьабуна Мукъадасаб Рукъ хъублъизабизецин, гьенив нижеца ккуна гьав. 7-8Дуцаго гьасул цІех-рех гьабуни, якъинлъила щай нижеца гьасде гІайиб гІунтІизабулеб бугебали.
9ТІад рекъон, цогидал жугьутІазги абуна гьеб битІараб бугилан.

 

Павелица Феликсида цебе жугьутІазе жаваб кьола

 

10КІалъазе изну бугилан сардарас ишан гьабидал, Павелица абуна:
– ГІемерал соназ мун гьаб халкъалда тІад къадилъун вукІин лъалелъул, дун вохун вуго дидаго гІайиб гьечІолъи чІезабун дуда цеве кІалъалев вукІиналдаса. 11Иерусалималде зияраталъе дун вачІаралдаса анцІила кІиго къо гурони ун букІинчІо. Гьелъул мухІканлъи балагьизе кІвела дуда. 12Гьеб заманаялда я Мукъадасаб Рокъов, я синагогабазда, я къотІнов ватичІо гьазда дун щивгунниги дагІбадулев, яги гІадамал данделъизарулев. 13Гьанже диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвезе гьечІо гьазда. 14Амма дуда цеве дун мукІурав вуго: гьаз гьересияб бугин абулеб Нухдасан ун гьабула дица тІагІат нижер умумузул Аллагьасе. Гьединго дица иман лъола къануналда бугебщиналдеги Аварагзабазул ТІухьдузда хъварабщиналдеги. 15Гьазул гІадин, дирги хьул буго Аллагьас муъминзабиги мунапикъзабиги хваралъуса рахъинаризе рукІиналде. 16Гьединлъидал дица хІаракат бахъула Аллагьасда цебеги гІадамазда цебеги дирго яхІ-намус цІунизе. 17ГІемерал соназ къватІивги вукІун, дун Иерусалималде тІадвуссун вачІана дирго халкъалда гьоркьоса мискин-пакъирасе садакъа кьезеги къурбан хъвезеги. 18Дунго вацІцІалъизавиялъул гІадат тІубазабулев Мукъадасаб Рокъов вугеб мехалъ ватана гьазда дун. Гьениб дида аскІоб халкъалъул руккелги букІинчІо, щибго ахІи-хІурги букІинчІо. 19Асиялдаса вачІарав чанго жугьутІасда ватана дун гьенив. Гьеле гьел рукІине кколаан гьанир дуда цере чІун, диде гІунтІизабизе гІайиб бугони, гьеб дуе баян гьабизе. 20Яги гьаз жидецаго бицине биччанте, кІудияб судалда цеве чІезавидал, дида батараб гІайибалъул. 21ЦохІого цохІо дица гьениб ахІана: «Хваралъуса тІаде рахъинаризе рукІиналда дун божунилан жакъа нужеца дие суд гьабулеб бугоха!» – ян.
22ГІисал Нухалъул хІакъалъулъ дагьаб мухІканго лъалев Феликсица абуна, азарилбетІер Лисий вачІинегІан жинца суд нахътІамун толеб бугилан ва гьебмехалъ гьабилин хІукмуйилан. 23НусилбетІерасеги буюрухъ кьуна Павел жанив тІамизе вачеян, амма гьесие бигьалъи гьабеян ва гьесухъе раккизе рачІарал гІага-божаразеги щибго квекІен гьабугейилан.

 

Павелица Феликсиеги Друзиллаеги хабар бицуна

 

24Чанго къоялдасан рачІун Феликсицаги гьесул чІужу жугьутІай Друзиллацаги, жидехъего ахІун, Павелида бицинабуна МасихІ ГІисал диналъул хІакъалъулъ. 25РитІухъго хьвадизе ккеялъулги, жиндаго квелъ базе ккеялъулги, Аллагьас суд гьабизе букІиналъулги Павелица бициндал, Феликс хІинкъана. КъваригІараб мехалъ ахІилиланги абун, гьес гьев нахъе витІана. 26ТІаде жоялъеги гьесда ракІалда букІана Павелица ришваталъе гІарац кьелиланги. Гьединлъидал гІемер ахІулаан гьес Павел жиндихъего, гьевгун гара-чІварулаан. 27КІиго соналдасан Феликсил бакІалде сардарлъун вачІана Порций Фест. Жиндасаго жугьутІал разиго хутІизелъун, Феликсица Павел туснахъалъувго тана.

 

25 бетІер

 

«Къайсар вукІине виччай дие къадилъун»

 

1Гьеб вилаяталде сардарлъун тІамун вачІун лъабабилеб къоялъ Къайсарияталдаса Иерусалималде ана Фест. 2Гьесухъе рачІун бищунго кІудияв кашишасгиягьудиязул чІухІби-хІакимзабазги Павелидасан гІарз бахъана. 3Гьез гьарана, жидее лъикІлъи гьабун, Павел Иерусалималде вачІинавейилан. Гьезул къотІи букІана гьениве вачунаго нухда Павел чІвазе. 4Фестица абуна Павел Къайсарияталда туснахъалъув вугилан, гьанже кватІичІого жинда гьениве ине ракІалдаги бугилан. 5Нужер вакилзабиги рилълъине бегьилила жинда цадахъ, гьев Павелида гІайиб бугеб батани, гьелъул хІакъикъат баян гьабизе.
6Иерусалималда ичІго-анцІго къогицин бачІого, Къайсарияталде тІадвуссун ана Фест. Гьениве щун кІиабилеб къоялъго, къадиясул тахида гІодовги чІун, гьес амру гьабуна Павел гьаниве вачейилан. 7Павел вачун вачІана. Иерусалималдаса рачІарал ягьудияз, гьевги сверун ккун, байбихьана гІемерал чІахІиял гІайибал гьесде гІунтІизаризе. Амма цониги гІайиб тІад чІезабизе гІураб хІужжа гьезда батулеб букІинчІо. 8Живго витІарав вукІин чІезабизе Павелица абуна я жугьутІазул къануналда, я Мукъадасаб Рокъов, яги къайсарасда дандечІун щибниги мунагь ккечІин жиндихъайилан. 9Амма Фестие бокьун букІана жугьутІал рази гьаризе. Гьединлъидал гьес Павелида гьикъана:
– Дур ишалда хурхун дунги гІахьаллъараб судалъ хІукму гьабизе Иерусалималде витІизе бокьилищ дуе?
10Павелица абуна:
– Жакъа дун гьанив къайсарасул судалда цеве чІун вуго, гьединаб къайсарасулаб судалъ къотІизе ккола дие хІукмуги. ЖугьутІазе дица щибниги квешлъи гьабичІо. Дудаги цІакъ лъикІ лъала гьеб. 11Дун такъсирчи ватани ва чІвазе къотІизе гІураб гІайибги дида ккун батани, хвезе разияв вуго дун. Амма гьаз диде гІунтІизабулеб бугеб гІайиб тІад чІезабизе кІвечІони, лъилниги ихтияр гьечІо дун гьезул кверде кьезе. Къайсар вукІине виччай дие къадилъун![6]
12Жиндирго мажлисалда дандги бан, Фестица Павелида абуна:
– Къайсар къадилъун вукІине бокьун батани, къайсарасухъе витІила дица мун.

 

Павел Агриппадаги Береникадаги цеве чІезе ккола

 

13Чанго къоялдасан Къайсарияталде Фестие салам кьезе рачІана Агриппа ханги гьесул чІужу Береникаги. 14Гьез гьениб чанго къо бан хадуб, Фестица ханасе Павелил бицен гьабуна:
– Феликсица туснахъалъув тун цо чи вуго гьанив. 15Дун Иерусалималде щвараб мехалъ, ягьудиязул чІухІби-хІакимзабазги чІахІиял кашишзабазги бицана дида гьасул хІакъалъулъ, гьез гьарана гьасие тамихІалъе хІукму къотІейилан. 16Амма дица гьезда абуна, жинде гІайиб гІунтІизабулевги жинца гІайиб гІунтІизабулевги данде ахІун ва жинде гІайиб гІунтІизабулесе живго цІунизе ресги кьун, суд гьабичІого чи тамихІалде цІалеб гІадат гьечІин Рималъул халкъалъулилан. 17Дида цадахъ гьел ягьудиял гьанире рачІун нахъисеб къоялъго, нахъ бахъун течІого, дун къадиясул тахида гІодов чІана ва гьев чи судалде вачейилан амру гьабуна. 18Амма ягьудияз бицараб жоялдасан дида бичІчІана – дун щаклъун вукІараб цониги квешлъи гьев чияс гьабун гьечІеблъи. 19Амма гьезул бугоан жидерго диналда хурхараб дагІба-къец. Павелица чІаго вугилан чІезабулеб букІарав, цо кидаялиго хварав кинавалиго ГІисал хІакъалъулъги букІана гьезул дагІба. 20Гьеб иш кин тІубалебали лъачІого, дица гьесда гьикъана, Иерусалималде витІун, гьенив судалда цеве чІезе бокьилищилан. 21Императорас суд гьабизегІан гьанивго тейилан Павелица гьаридал, дица гьев Къайсарияталдаго тана, къайсарасухъе витІизе рес ккезегІан.
22Гьев чиясухъ гІенеккизе диеги бокьилаанилан абуна Агриппаца Фестида. Фестица абуна метер рагІилин дуда гьес щиб бицунаяли. 23Нахъисеб къоялъ чІухІараб къагІидаялъ къачІа-кІатІан Агриппаги, Береникаги, азарилбутІрулги ва шагьаралъул чІухІби-хІакимзабиги цадахъ рачун, суд гьабулеб рокъове лъугьун гІодов чІедал, Фестица амру гьабуна Павел вачун рачІайилан. 24Цинги Фестица абуна:
– Я, Агриппа хан ва гьанир ругел цогидалги! Нужеда цеве вугев гьав чиясдасан гІарз бачІун буго Иерусалималда ругелги гьанир ругелги жугьутІазул тІолабго жамагІаталъ. Гьав чІаго тезе бегьуларилангицин ахІулеб букІана гьез. 25Дида ракІалде ккола чІвазе къотІизе гІураб гІайиб гьасул гьечІилан. Къайсарасул судалде витІейилан гьарулеб бугелъул, дица хІукму гьабуна гьав гьениве витІизе. 26Амма гьасул хІакъалъулъ щибилан бетІерчІахъаяв къайсарасухъе хъвалебали лъаларо. Гьединлъидал дица гьав гьаниве вачана нуж киназдаго цеве чІезе, хасго дуда цеве чІезе, Агриппа хан. Гьаниб цІех-рехалдасан баянлъизеги бегьула къайсарасухъе щиб хъвалебали. 27ТІад чІезабураб гІайиб бихьизабичІого, туснахъ къайсарасухъе витІизе рекъон букІинарилан кколеб буго дида.

 

26 бетІер

 

Павелица Агриппада цеве живго ритІухъ гьавула

 

1– Гьанже бицеха дурго, – ян абуна Агриппаца Павелида.
Кверги борхун, Павелица байбихьана жиндаго гІайиб гьечІолъи чІезабизе:
2– Я, Агриппа хан! Жакъа дица талихІлъун рикІкІунеб буго жугьутІаз диде гІунтІизабураб гІайиб битІараб гьечІеблъи чІезабизе дуда цеве кІалъазе рес щвей. 3Хасго дуда цІакъ лъикІ лъала жугьутІазул киналго гІадаталги гьезул рукІунел дагІба-къецалъул суалалги. Гьединлъидал гьарулеб буго дица дуда сабруялда дихъ гІенеккейилан. 4Киналго жугьутІазда лъала гІолохъанаб мехалдаса нахъего дирго халкъалда гьоркьобги хадуб Иерусалималдаги кинаб гІумру дир букІарабали. 5Гьезда цебего лъала дун фарисеяв вукІаравлъи, ай нижер диналъул тІалабал кьуричІого тІуразарулел рукІараблъи. Гьединлъидал, гьезие бокьани, гьелъие нугІлъиги гьабила гьез. 6Жакъа дун судалда цеве чІезавун вуго Аллагьас нижер умумузе гьабун букІараб къотІи тІубаялде хьул лъурав чи вугилан. 7Гьеб къотІи тІубазе букІиналде хьул лъун къасиги къадги тІадчІун Аллагьасе гІибадат гьабулеб буго нижер анцІила кІиго наслуялъ. Я дир хан, гьеле гьединаб хьул дирги бугилан гІайиб гІунтІизабулеб буго диде жугьутІаз. 8Аллагьас хварал тІаде рахъинари букІунеб-лъугьунеб жоцин гурилан абураб пикру щай нужелъ бугеб? 9Дидаги ракІалде кколаан Назареталдаса ГІисада дандечІун гІемераб жо гьабизе кколилан. 10Дица гьедин гьабизеги гьабуна Иерусалималда, чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, иман лъуразул гІемерал гІадамал туснахъалъуре рехана дица. Гьел чІвалеб мехалъги, разияв вугилан квер борхана дица. 11Киналго синагогабазухъе ун, чанги тамихІ гьабуна дица гьезие, гьеб дин какизе тІамуна ва гьездехун букІараб ццидал кутакалъ дун тІамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гІазаб-гІакъуба кьезе.

 

«Дида кІвечІо зобалаздасан гьабураб амру тІубазабичІого чІезе»

 

12Гьеле гьедин чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, гьезул вакиллъун Дамаскалде унев вукІана дун. 13Бакъул канлъиялдаса гІемерго гвангъараб нур рещтІана, хан, къалъул гІужалда зобалаздасан дидеги дида цадахъ рукІараздеги. 14Гьебмехалъ ниж киналго гІодор ккана. Цинги дида рагІана жугьутІ мацІалда кІалъалеб гьаракь. «Шаул! Шаул! – абун ахІана гьес. – Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? ГІебутІа зар базе бажариларо духъа». 15«Мун щив, бетІерчІахъад?» – абун гьикъана дица. «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев ГІиса, – ян абуна ТІадегІанас. – 16ТІаде вахъун, вахъун чІа гьанже! Дун духъе рещтІана, мун дие хъулухъ гьабизе тІамизе, дуда бихьарабги дуда дица бихьизабизе бугебги бицине тІамизе. 17Дица мун дурго халкъалдаса хвасар гьавила ва мун дица жидехъе витІизе вугел цогидал халкъаздасаги хвасар гьавила. 18Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила».
19Гьединлъидал, Агриппа хан, зобалаздасан илгьам лъугьун дие гьабураб амру тІубазабичІого чІечІо дун. 20Цин Дамаскалда ругезда, цинги Иерусалималда ругезда ва тІолабго Ягьудиялъул улкаялда, гьединго цогидал халкъазул гІадамаздаги лъазабуна дица кантІун Аллагьасде руссаян ва нужер тавбу биххиларедухъ хьвадеян. 21Гьеб сабаблъунин дун Мукъадасаб Рокъов жугьутІаз тІад речІчІун ккурав ва чІвазехъин вукІарав. 22Аллагьасул квербакъиялдалъун къечІо дун гьаб жакъа къоялде щвезегІан. ГІисиналгунги чІахІиялгунги гара-чІварулаго, дица щибниги бицинчІо Мусацаги цогидал аварагзабазги хадуб ккезе бугелъул хІакъалъулъ цебеккунго бихьизабун букІаралдаса батІияб жо. 23Гьез абун букІана МасихІ ГІисае гІазаб-гІакъуба кьезе бугилан, хваразда гьоркьоса тІоцеве тІаде вахъинеги вугилан ва нижер халкъалдаги цогидал халкъаздаги Нур бихьизе бугилан.
24Гьедин живго вацІцІад гьавун кІалъалев Павел вугеб мехалъ, Фест гьесде ахІана:
– Павел, мун гІадаллъун вуго. ГІелмуялъул кутакалъ бетІер сверизабун буго дур! – абун.
25– Дун гІадаллъун гьечІо, бетерчІахъаяв Фест, – абун жаваб кьуна гьесие Павелица. – Гьаб дир рагІи битІарабги буго, цІодорабги буго! 26Агриппа ханасда цІакъ лъикІ лъалелъул гьадинал ишазул хІакъикъат, хІинкъичІого гьесдехун кІалъалев вуго дун. Гьаб ишалъулъ щибго балъгояб жо хутІун батиларо гьесие, бецІаб бокІнилъ гурелъул гьеб кинабго ккараб. 27Мун аварагзабазда божулевищ, Агриппа хан? Дидани лъала мун божулевлъи.
28Гьебмехалъ Агриппаца Павелида абуна:
– Дун христианавлъун лъугьинави гьедигІан бигьаяб ишиланищ дуда ккараб?
Павелица абуна:
29– Бигьа букІаниги, захІмат букІаниги, дица Аллагьасда гьарилаан цо мун гуревги, гьанир дихъ гІенеккун ругел киналго гІадамалги дун гІадиналлъун лъугьагийилан. Рахсаца вухь-вухьарав туснахълъун гуревха!
30Гьебмехалъ ханги, гьесдаго цадахъ сардарги, Береникаги, гьенир рукІарал гІадамалги тІаде рахъун къватІире ана.
31– ЧІвазе къотІизе яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьечІо гьадав чиясда, – ян абулеб букІана гьез цоцазда.
32Цинги Агриппаца Фестида абуна:
– ГьабсагІатго туснахъалъуса къватІиве виччазе бегьилаан дов, къайсарасул суд дос тІалаб гьабулеб гьечІебани.

 

27 бетІер

 

Гамидаги рекІинавун, Павел Рималде витІула

 

1Гамида рекІун Италиялде ине нижер хІукму ккедал, Павелги цогидал туснахъалги рачун витІана къайсарасул полкалдаса нусилбетІер Юлий. 2Ралъдал рагІалда ругел Асиялъул шагьаразде ине къачІан букІараб Адрамиттиялъул гамида рекІана ниж. Нижеда цадахъ вукІана Фессалоникаялдаса македонияв Аристархги. 3Нахъисеб къоялъ ниж Сидоналде щвана. Павелида гурхІун, Юлийица гьев жиндирго гьудулзабазухъе ине виччана, гьезги Павелие къваригІара-тараб кьезе.
4Кутакалда данде пулеб гьури бахъиндал, гьениса нижер гама Кипралъул къилбаялъул рахъалдасан ун, 5Киликиялъул ва Памфилиялъул ракьалда бугеб ралъадги къотІун, Ликиялъул шагьар Мираялде щвана. 6Гьениб нусилбетІерасда батана Италиялде унеб Искандарияталъул гама. Гьелда рекІинаруна гьес ниж. 7Чанго къоялъ аниги, кІудияб манзилго нахъа тезе бажаричІо нижер гамида ва хІалицаго Книдалде рорчІана. Кутакаб гьороца церехун риччалел рукІинчІелъул, Крит чІинкІиллъиялъул гьородаса цІунараб рахъалдасан, Салмонаялъул мицІиралда цебесан бачине ккана гама. 8ЧІинкІиллъиялъул рагІалдасан лъедон, гІемераб къоги бихьун, ахирги щвана Ласея шагьаралда аскІоб бугеб ЛъикІаб Гавань абулеб бакІалде. 9Гьедин гІезегІан мех индал, ГурхІиялъул къо абураб жугьутІазул динияб байрам лъугІараб заманги букІун, хадурккун церехун лъедезе хІинкъи бугеб хІал лъугьана. 10Павелица абуна:
– Дихъ гІенекке нуж! ТалихІ къараб сапар бугин ккола дида гьаб. Гамие ва гьелда тІад бугеб къайиялъе гуребги, гІадамазегицин зарал ккеялда хІинкъи буго.
11Амма нусилбетІерас Павелил гьел рагІаби гІадахъ росичІо, капитанасдаги гамил бетІергьанасдаги божана гьев. 12Хаселалъго гьенир чІезе санагІалъи бугеб гавань букІинчІо гьеб. Гьединлъидал гІемериселги разилъун, хІукму гьабуна нахъеги ралъдалъе рахъине ва Крит чІинкІиллъиялъул къилбаялъулабги севералъулабги рахъалдасан бакътІерхьуде балагьараб Финиксалъул гаваналде рорчІуларищали хІалбихьизе, цинги хаселги гьениб тІамизе.

 

Ралъдада кутакаб гьури бахъуна

 

13Къилбаялдасахун тІадагьаб гьури пуйзе байбихьараб мехалъ, гьезда ракІалде ккана гьанже бугин бищунго санагІатаб заманилан. Цинги якорьги тІаде харцІун, Криталъул рагІалдасан лъедезе лъугьана нижер гама. 14-15Амма гІемер заман иналдего, чІинкІиллъиялдасахун северияб бакъбаккул рахъалдасан гьалагаб гьури речІчІана гамида ва гьебгун къеркьезе къуват гІечІелъул, бергьараб гьороца жиндие бокьаралъубе бачун унеб букІана нижер гама. 16Кавда абулеб цо гьитІинабго чІинкІиллъиялъул гьури гьечІеб рахъалдасан ана ниж. Гьениб хІалицаго кІвана гъанкъиялда хІинкъи бугеб мехалъ пайда босулеб раса щула гьабизе. Гамида тІаде босун, гъоркьан рачун квараз бухьана гьеб гамида. 17ТІадгояб бакІалда салулъ къачІого рорчІилародайилан хьулалъ, нижеца лъадалъе биччана гама лъеда тІад чІезабулеб хасаб алат. Гьебмехалъги гьороца цебехун хъамулеб букІана нижер гама. 18Гьороца гама рахъ-рахъалде кьабезабулеб букІиндал, нахъисеб къоялъ байбихьана гамида букІараб къайи ралъдалъе базе. 19Лъабабилеб къоялъин абуни, гамие къваригІунеб тІагІел-алатги рехана гьез жалго лъугьун ралъдалъе. 20Чанго къоялъ нижеда я бакъул гордо бихьичІо, я цІваби рихьичІо. Гьуриги гьалаглъулебго гьалаглъулеб букІана. Хвасарлъиялдаса хьулго къотІана нижер. 21Чанго къо бана щивниги кваначІелдаса нахъе. Гьебмехалъ тІаде вахъун Павелица абуна:
– ГІенекке, гІадамал! Криталдаго чІайилан абулеб букІана дица нужеда, добмехалъ нуж дир рагІухъ гІенеккун рукІаралани, гьаб балагьги бачІинароан, гьадинаб кІудияб заралги ккелароан. 22Гьанже дица нужеда гьарулеб буго къвакІун чІайилан. Нужер щивниги хвезе гьечІо, амма гама щущан ина. 23Дица жинде иман лъолев ва лагълъи гьабулев Аллагьасул малаик вачІун, нолъ гьес дида абуна: 24«Мун хІинкъуге, Павел. Аллагьас рагІи кьолеб буго мун къайсарасда цеве чІезе вачинилан ва дуда цадахъ ругезеги дуе бокьараб ккезе бугилан». 25Гьединлъидал, дир гьудулзаби, нуж къвакІун чІа. Дун дирго Аллагьасда божула. Гьес дие илгьам гьабухъе ккезе буго кинабго. 26Цо кинаб бугониги чІинкІиллъиялде рехила нилъ карачалабаз.
27КъватІире рахъун анцІила ункъабилеб сордоялъ Адриатикаялда гьороца добе рехун, гьанибе рехун, кьабелеб букІана нижер гама. Сордо бащалъулеб гІужалъ гамихъабазда бичІчІана ракъдаде гІагарлъулел рукІин. 28Лъадал гъварилъи борцараб мехалъ, кІикъого метр гурони батичІо тІиналде щвезе. Цо заманаялдасан нахъеги борциндал, лъеберго метралде ккун батана. 29Гама кьурабазда тункизе гурилан, ункъо якорь биччана тІиналде ва сордо хехго рогьагиян гьарделел рукІана. 30Гьебмехалъ гамихъабаз къасд гьабуна гамидаса лъутизе. Гамил цебесеб рахъалдасан якорь рехизе бокьун бугиланги абун, ралъдалъе раса биччазе лъугьана гьел. 31Амма Павелица нусилбетІерасдаги рагъухъабаздаги абуна, гьел гамида чІечІони, нилъ хвасарлъуларилан. 32Гьебмехалъ рагъухъабаз къотІун рехана раса гамидехун бухьун букІарал кварал ва гьеб расаги лъадалъе бортун ана. 33ХъахІлъи балеб мехалъ, Павелица киназдаго лъазабуна гьанжегІаги кваназе ккелилан. Гьес абуна:
– Жакъа анцІила ункъабилеб къо буго нуж кваначІого чІун. 34Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго: цо щиб букІаниги кванай, нужерго рухІ хвасарлъиялъе, нужер бутІруздаса цониги рас бортизе гьечІебин.
35Гьединги абун, цо чед кодобе босана Павелица, цинги киназдаго рагІун Аллагьасе реццги гьабун, бекунго бекун гьеб квине лъугьана. 36Киналго чІинкьа-кІитІун, аваданлъун лъугьана, кваназе байбихьана. 37(Гамида тІад вукІана кинавниги кІинусиялда лъабкъоялда анцІила анлъго чи.) 38Кванан рахъараб мехалъ, гьез байбихьана гамида букІараб ролъги лъадалъе бан, гьеб тІадагьлъизабизе.

 

Гама щущан уна

 

39Рогьараб мехалъги лъачІо гьезда щиб ракь гьебали батІа бахъизе: ралъдал цо квачІалъул рагІалда бихьулеб букІана салуца бацараб ракъдаллъи. Гама гьенибе бачине бажаруларищали хал гьабуна. 40Якорал, гамидаса ратІа гьарун, ралъдалъе риччана. Руль щула гьабун букІараб кварги къотІун, гамил цебесеб рахъалда дугъ борхизабуна гьеб сагІаталъго. Гьури жаниб багъулеб хІалалъ гьеб дугъги рекъезабун, рагІалдехун балагьун бачана гама. 41Амма тІадгояб бакІалде ккана. Гамил цебесеб рахъ салулъ къана, гьанже чІахІиял карачалабаз цоцалъа бахъулеб букІана гамил нахъисеб рахъ. 42Гьениб рагъухъабаз хІукму гьабуна туснахъал чІван лъикІилан, лъедон ун цонигияв гьезухъа ворчІизе гурилан хІинкъун. 43Амма Павелил гІумру хвасар гьабизе бокьун, нусилбетІерас гьел чІвазе риччачІо. Лъедезе лъалел чагІи, тІоцере ралъдалъе кІанцІун, ракъдаде рорчІуларищали хал гьабеян буюрухъ кьуна гьес. 44Цогидазе амру гьабуна хъарщазда ва гамил тІагІел-алаталда хурхун жинда цадахъ рагІалде рахъине хІаракат бахъейилан. Гьедин киналго ракъдаде рорчІана.

 

28 бетІер

 

Павелги гьесда цадахъ рукІаралги Мальтаялде рорчІула

 

1Ракъдаде рорчІидал, нижеда лъана гьеб чІинкІиллъиялда цІар Мальта букІин. 2Гьеб ракьалъул гІадамаз гІемерго лъикІаб гьоболлъи гьабуна нижее. ЦІад балеб букІиндал, квачалелги рукІана ниж. ГьебсагІат цІаялги ракун, хинлъизе цІадухъе рачана гьез ниж. 3Къвал цІун босун бачІун, хьоп-хъарахъ цІадабе балев вукІарав Павелил кверда хІанчІана цІадул бухІиялдаса хІинкъун къватІибе шурун бачІараб борхьица. 4Гьесул квералда далун чІараб борохь бихьидал, гьел гІадамаз цоцазда абулеб бугоан гьав чи чІвадарухъан ватилилан. Бихьуларищила, ралъдалъ гъанкъиялдаса хвасарлъаниги, гьаниб ракъдадаги ритІухълъи бергьун, гьанже гьев гІумруялдаса махІрумлъизехъин вугила. 5ХьвагІун квергун, цІадабе бортизабуна Павелица гьеб борохь. КигІан дагьабниги унтиги лъачІо гьесда.
6Мальтаялъул гІадамазда ракІалде ккана гьабсагІат гьесул квер гьоролин яги гьев хун ракьалде щапун инин. Гьесие щиб кколебали тІаса бер босичІого ралагьун чІун рукІана гьел лъикІалан заманаялъ. Амма щибниги лъугьинчІо гьесие. Гьебмехалъ батІияб пикру гьабуна гьел гІадамаз: гьев аллагь вугилан тана гьез.
7Гьениб гІагардаго букІана гьеб чІинкІиллъиялъул сардар Публийил мина-мулк. Гьес ниж жиндихъего рачана ва лъабго къоялъ гьениб лъикІаб гьоболлъи гьабуна. 8Публийил эмен ватана, бакъул унтиялъги риххалил унтиялъги тату хун, бусаде ккун. Гьесде ваккизе ун, Павелица дугІа гьабуна ва тІад квер лъун гьев сахлъизавуна. 9Гьелъул хабар рагІун, чІинкІиллъиялда рукІарал цогидал унтаралги рачІана гьесухъе. Гьелги сахлъизаруна Павелица. 10Гьеб чІинкІиллъиялъул гІадамаз цІакъаб адаб-хІурмат гьабуна нижер. Гамида рекІун гьениса нахъе унеб мехалъ нухда босизе къваригІара-тарабги кьуна гьез нижее.

 

Павел Мальтаялдаса Рималде уна

 

11Лъабго моцІидасан рахана ниж гамиде. Хаселалъго гьениб хутІараб Искандарияталъулаб гама букІана гьеб, Диоскуразул – «КІиго цадахъ гьаруразул» цІарги лъураб. 12Сиракузиялде щун, гьенибги бана лъабго къо. 13Гьениса рахъун, Сицилиялъул рагІалдасан лъедон, Региялде щвана. Цо къо гьениб бараб мехалъ, къилбаялъул гьури пуйзе байбихьидал, ралъдалъе бахъана нижер гама ва нахъисеб къоялъ Путеолиялде щвана. 14Гьенир ратарал вацазул гьари къабул гьабун цо анкь гьезда аскІобги бана.
Гьале ниж Рималде щвана. 15Рималда ругел вацазда нижер хабар рагІун, гьел данде рачІана Аппийил Базаралде ва «Лъабго Петер» абулеб бакІалдеги щвезегІан. Гьел рихьараб мехалъ мугъзал чІоло битІана Павелил, Аллагьасе рецц гьабуна гьес.

 

Павел Рималде щола

 

16Рималда Павелие изну кьуна туснахъаздаса ватІаго чІезе, амма цо рагъухъан тана гьесда аскІов хъаравуллъун.
17Лъабго къоялдасан гьес гьенир ругел жугьутІазул бищунго къадру-къимат бугел гІадамал данде ракІарана. РачІун гьел данделъидал, Павелица гьезда абуна:
– Я, вацал! Нилъер халкъалда яги нилъер умумузул гІадатазда дандечІун дица гьабураб кигІан гьитІинабниги квешлъи гьечІониги, Иерусалималда дун туснахъалъув тІамуна ва Рималдаса хІакимзабазухъе кьуна. 18Гьез дир ишалъул цІех-рех гьабуна, амма чІвазе къотІизе гІураб гІайиб-хатІа батичІелъул, нахъе виччазехъин вукІана. 19ЖугьутІал гьелда дандечІедал, дун къайсарасухъе витІейилан гьаризе ккана дица. Амма дирго халкъалда гІайиб чІвазе гуребха!
20Гьединлъидалин дица нужеда гьарараб гьанире данделъеян ва дица бицаралъухъ гІенеккеян. ХІакъикъаталдайин абуни, гьал рахсаца дун вухьун вукІиналъе гІиллалъун вуго Жив вачІинилан Исраилил халкъалъул хьул бугев чи.
21Гьез Павелида абуна:
– Дур хІакъалъулъ нижехъе Ягьудиялдаса цониги кагъатги бачІинчІо, гьениса вачІарав цониги чияс дур рахъалъ квешаб хабарги бачІинчІо, квешаб рагІи жинцагоги абичІо. 22Амма нижее бокьун буго дур пикруялъухъ гІенеккизе. Гьеб мазгьабалъул хІакъалъулъни нижеда рагІана, киса-кибего халкъ гьелда дандечІун гаргадулеб бугилан.
23Цинги гьез къотІи гьабуна цо пуланаб къоялъ гьесухъе рачІине. ЦІакъ гІемерал гІадамал рачІана гьеб къоялъ Павелихъ гІенеккизе. Рогьаралдаса рукІкІинегІан Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана гьес гьезие. Мусал къануналдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги мисалалги рачун, ГІисал хІакъалъулъ бицана. 24Цоял божана гьес бицаралда, цогидал божичІо.
25Илагьияб РухІалъ малъун, Ишая аварагас цІакъ битІун абун буго нужер умумузул хІакъалъулъ, – гьедин байбихьун Павелица гьездехун хитІаб гьабураб мехалъ цоцалъ дагІбадана, къацандана гьел ва рахъун къватІире ана.
26Ишая аварагас гьадин абун бугилан бицана Павелица:
– «Гьеб халкъалъухъе ун, гьезда абе дуца: гІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. 27Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизе». 28-29Гьединлъидал нужеда лъан букІа: цогидал халкъазе Аллагьас хвасарлъи битІун бачІун буго. Гьеле гьезда рагІизе буго!
30Жинцаго мухьдахъ ккураб гьеб рокъоб тІубараб кІиго лъагІел бана Павелица. ТІаде рачІаралщиналги къабул гьарулаан гьес. 31Лъилниги квекІен гьечІого ва расги хІинкъичІого бицунеб букІана гьес Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъги ТІадегІанав МасихІ ГІисал хІакъалъулъги.

 

 

Румазухъе кагъат

Румазухъе Павелил кагъат

 

Павел чапар гьавуна ГьитІинаб Азиялъул Тарс шагьаралда нилъер эраялъул І гІасруялъул авалалда. ЖугьутІазул диналъул киналго тІалабал кьуричІого тІуразаризе ругьун гьавун вукІана эбел-инсуца. Динияб лъай босана Иерусалималда цІалун. ГІиса МасихІица жиндирго вагІза-насихІат гьабулеб мехалда Павелида гьев лъалев вукІун ватиларо. ГІисал муридазул хІаракатчилъиялдехун тушманлъи лъазабуна гьес, ГІисал дин тІибитІизабиялде данде вагъана. Амма нухда унелъул тохлъукьего гьесда цеве тІамуна ГІиса. Гьелдаса нахъе Павел божана Исраилил халкъ ва тІолабго гІалам хвасар гьабизе витІарав ГІиса МасихІ вукІиналда. Павелица Рималъул империялда гІемерал сапарал гьаруна, киса-кибго гьес тІибитІизабулеб букІана ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар. Павел чапарас гІемерал шагьаразда гІуцІана иман лъуразул жамагІатал. Император Нероница христианазда дандечІарал тадбирал гьаризе байбихьараб мехалда, гьев Рималда чІвана. Гьев чІаго вугеб мехалда Павел чапарасда нахърилълъарал гІадамал гІемер рукІинчІо. ЖугьутІазда гьоркьорги христианазда гьоркьорги гьесул тушбаби цІикІкІун рукІана гьебмехалъ. Гьедин букІаниги, Павелица гьабураб динияб малъа-хъваялъ бергьенлъи босана.
БатІи-батІиял шагьаразда ругел иман лъуразул жамагІатазде хъварал руго гьесул гІемерисел кагътал.
Румазухъе битІараб гьаб кагъат Павел чапарас хъван батизе ккола Грециялъул Коринф шагьаралда вугеб заманаялда, нилъер эраялъул І гІасруялъул 50-абилел соназул ахиралда. Кагътил мурад буго живго гьениве вачІиналде Рималъул (румазул) иман лъуразул агьлу хІадур гьаби. Кагътида Павелица гІатІидго баян гьабулеб буго христиан дин жинда кин бичІчІулебали ва иман лъуразда кин хьвадизе тІадаб бугебали. Гьес хъвалеб буго, «гІицІго божи-иманалъухъ балагьун гурони инсан Аллагьас ритІухъ гьавуларилан». БичІчІизабулеб буго тІолабго гІалам – Аллагь цо вукІиналда доб заманаялда божулел рукІарал жугьутІалги ва гІемерал аллагьзабазе лагълъи гьарулел рукІарал цогидал халкъалги – Аллагьасда цере ритІухълъизе кколин, гьел киналгоги мунагьалъул кверщаликь ругелъул.
Павелица гьезие насихІат гьабулеб буго Мусал къануналъул тІалабал тІуразариялдалъун гурин Аллагьасдаги инсанасдаги гьоркьоб рекъел лъугьунеб, гьелъие къваригІунин божи-иманги ва ГІиса МасихІиде цолъараб гІумруги. «ЖугьутІазулги цогидал халкъазулги хІакъалъулъ, батІалъи гьечІого, абулеб буго гьедин. ЦохІо БетІергьан киназулго БетІергьан ккола», – ян хъван буго гьес.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Гьаб кагъат битІулеб буго чапарлъун тІаса вищарав ва Аллагьасдасан рещтІараб Рохалил хабар лъазабизе тарав Павелица – ГІиса МасихІил лагъас.
2Гьеб буго аварагзабазухъе рещтІарал ТІухьдузда цебеккунго Аллагьас загьир гьабизе рагІи кьун букІараб Рохалил хабар. 3-4Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб. 5Гьесдалъун щвана дие баркат ва гьесие гІоло киналго халкъазул гІадамал божи-иманалдалъун Аллагьасе мутІигІлъейилан ахІизе чапарлъи. 6ГІиса МасихІил умматлъун лъугьине ахІаразда гьоркьор руго нужги.
7Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги Рималда ругел киналго Аллагьасе рокьулел гІадамазда, иман лъуразул агьлулъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразда!

 

Павел чапарасе Рималде ине бокьун буго

 

8Бищунго цебе – тІолабго дуниялалда нужер божи-иманалъул цІар тІибитІун бугелъул, ГІиса МасихІги рехсон, дирго Аллагьасе рецц гьабула дица. 9-10Жиндир Васасул хІакъалъулъ Рохалил хабар тІибитІизабун, ракІ-ракІалъго дица хъулухъ гьабулеб бугев Аллагьасда лъала: щибаб дир дугІадулъ кидаго ва нахъаса къотІичІого рехсола нуж. Дица Аллагьасда гьарула, гьесие бокьани, гьанжегІаги нужехъе вачІине рес ккагиян.
11Дир гъира буго нуж рихьизе. Бокьун буго цо илагьияб хазина нужее бикьизе – нуж къвакІун чІезе, 12нижерги нужерги божи-иманалъ нилъер ракІбатизабизе. 13Цогидал халкъазухъе араб мехалъ гІадин, гьениб нужер гъотІодасаги пихъ бетІизе гІоло, нужехъе вачІине чанго нухалъ дица къасд гьабураблъиги нужеда лъачІого хутІизе бокьун гьечІо, вацал, дие. Амма гьанжелъизегІан дие квалквал ккана.
14Дун налъулавлъун ккун вуго адаб бугелги гьечІелги халкъазул, лъай бугелги жагьилалги халкъазул. 15Гьединлъидалин нужеда, ай Рималда ругезда, гьоркьоб Рохалил хабар тІибитІизабизе дие цІакъ бокьун бугеб.

 

Кагътил аслияб пикру

 

16Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. 17Гьелъ загьир гьабула, гІицІго божи-иманалъухъ балагьун гурони, инсан Аллагьас ритІухъ гьавуларевлъи. ТІухьдузда хъван бугелъул: «РитІухъав инсан жиндирго божи-иманалдалъун чІаго хутІила».

 

Аллагьасда цере киналго гІадамазул мунагьал

 

18Зобалаздасан Аллагьасул ццин рещтІунеб буго жидер квешал ишаздалъун хІакъабщинаб чІинтІизабулел гІадамазул щибаб квешлъиялдеги пасалъиялдеги. 19Жив вукІин гьес загьир гьабун, гьезухъе щун бугелъулха Аллагь лъаялъул гІелму. 20Аллагь вихьунгутІиялъул хІикмат дуниял бижаралдаса нахъего якъинго загьирлъана, кинабго загьирлъана гьес бижанщиналдалъун. Гьеб хІикмат ккола гьесул абадияб къудратги БетІергьан вукІинги. Гьединлъидал гьездаса гІайиб кибе инеб? 21Аллагь вукІин лъаниги, гьесие цІар-рецц гьабичІо гьез. Гьезул гьодорал пикраби гІадада ана, гІакълу гьечІолъиялъ гьезул ракІалги бецлъизаруна. 22Жал гІакъилал ругилан чІаниги, гІабдалзаби ратана гьел. 23Хвел гьечІев Аллагьасе гьабичІого, гьез гІибадат гьабуна холел-унел гІадамазул, хІанчІазул, ункъхІатІилал хІайваназул ва ракьалдасан шурулел жалазул суратазе. 24Гьеб сабаблъун Аллагьас гьел кьуна жидерго рекІелъ рижарал хъубал къасдазул кверщаликье, – гьединлъидалин жидерго чурхдуздалъун гьез цоцазе хъублъи гьабулеб бугеб. 25Аллагьасул хІакъаб рагІи гьез гьерсихъ хисана. Кинабго жинца бижарасе гьабичІого (Абадияб рецц гьесие, амин!), гьес бижаралъе гьабуна тІагІатги гІибадатги. 26Гьеб сабаблъун Аллагьас гьел кьуна инжитал къасдазул кверщаликье. Гьезул гьениб руччабазгицин, чІужугІаданалъе тІабигІиябги хисун, хІалтІизабулеб буго тІабигІияб гуребаб. 27Гьединго бихьиналги, руччабазулгун бусен цолъиги рехун тун, жалго жидедего хІасрат бергьун лъугьунел руго. Бихьинчияс бихьинчиясдехун хъублъи гьабун, гьез жидедаго тІаде цІалеб буго гьеб къосин сабаблъун жалго мустахІикълъараб тамихІ. 28Аллагь лъаялъул гІелму гІадахъ босизе бокьичІелъул, гьес гьел кьуна пасалъиялъул кверщаликье, – гьабизего бегьулареб жо гьез гьабизе. 29Кина-щинабго пасалъиялъулги, квешлъиялъулги, хъантІиялъулги, ццидалги цІун руго гьел. ЖахІда-хІусудги, чІвай-хъвейги, дагІба-къецги, хІилла-рекІкІги, инжитлъиги цІикІкІун буго. 30Гьез мацІ гьабула, нахъасан гаргадула, Аллагьги гьезда рихун вуго. Гьел чанкІкІунги руго, чІухІунги руго. Жалго жидецаго реццизе ва квешлъи ургъизе махщелги буго гьезул, эбел-инсухъги гьел гІенеккуларо. 31Гьезда намус гьечІо, рекІелъ гурхІел гьечІо, рахІмуги гьечІо. 32Гьедин хьвадарав чи чІвазе кколилан Аллагьасул амру букІин лъаниги, жидецаго квешлъи гьабураб гІечІого, гьеб гьабулел цогидалги реццула гьез.

 

2 бетІер

 

Аллагьас суд гьабила

 

1Ле, чияда гІайиб чІвалев чи, щив мун ватаниги, дуда тІаса гІайиб кибего унаро. Цогидазда гІайиб чІвалеб бугони, дудаго гІайиб чІвалев чи ккола мун. Цогидазда гІайиб чІвалаго, дуцагоги гьабулеб бугелъул гьебго жо. 2Нилъеда лъала гьедин хьвадулел гІадамазе Аллагьасул тамихІ ритІухъаб букІин. 3Ле, цогидазда гІайибги чІван, гьебго жо дуцаго гьабулев чи, дуда ракІалде кколищ Аллагьасул тамихІалдаса ворчІилилан? 4Аллагь цІоб гІатІидав, гурхІел-рахІму бугев ва сабруяв вукІиналъищ дур рекІелъе хІинкъи лъугьунеб гьечІеб? Аллагьасул цІобалъ мун тавбуялде гьесизавулев вукІин лъаларищ дуда?
5Амма дур чанкІкІиялъги ракІбицалъиялъги дулъго цІикІкІинабулеб буго Аллагьасул ццин бахъин. Гьеб дуда лъала Аллагьасул ритІухъаб тамихІги ццин бахъинги загьирлъулеб къоялъ. 6Щивав чиясул ишазда рекъон гьабила Аллагьас хІукму. 7ЛъикІлъи гьабиялда тІадчІеялдалъун лъикІаб цІарги, шапакъатги, хвелгьечІолъиги тІалаб гьабурасе гьес абадияб гІумру насиб гьабила. 8Жидеего пайдаялъе хІалтІулезде ва, хІакъабщиналъухъ гІенеккичІого, квешабщиналъухъ гІенеккаразде Аллагьасул ццин гьалаглъила. 9ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса квешлъи гьабунщинасе – гІазабги гІакъубаги! 10ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса лъикІлъи гьабунщинасе – цІарги, реццги, саламалъиги! 11Аллагьасул цІадираби ритІухъал ругелъулха!
12Мусал Къанун лъалелдего мунагь гьабурасе тамихІ гьабула Къануналде балагьичІого, Къанун лъан хадуб мунагь гьабурасе тамихІ гьабула Къануналде балагьун. 13Къанун цІалулеб рагІараб гІоларо, гьелда рекъон хьвадизеги ккола – Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІине. 14Къанунго лъаларел гІадамаз, Къанун лъачІониги, жидерго гІакълу нахъгІунтІун тІуразарула Къануналъул амруял. 15Къануналда бугебаб жидер рекІелъ хъван бугеблъи бихьизабула гьезул намусалъ: гьезулъ рижула цо-цо мехалда жидедаго гІайиб чІвалел, цо-цо мехалда жалго ритІухъ гьарулел пикраби. 16Дица тІибитІизабулеб бугеб Рохалил хабаралда рекъон, МасихІ ГІисадалъун Аллагьас суд гьабулеб къоялъ къватІир чІвазарила киназулго балъгоял къасдал.

 

Аллагьасда цере жугьутІазул мунагьал

 

17Мун жугьутІав вугилан рикІкІуна дуца, Къануналъ мун хвасар гьавилилан ракІчІун вукІуна, Аллагь нижехъан вугилан веццардула, 18дуда лъала гьесул амруял кинал ругелали, Къануналдалъун битІараб нух тІаса бищизеги ругьунлъана мун. 19Дур ракІчІун буго бецал чагІи дуца хадур цІалел ругин, бецІлъуда ругезе канлъиги кьолеб бугин, 20гІакълу гьечІел кантІизарулелги ругин. Дуда лъикІго лъалин кинабго гІелмуги хІакъабщинабги жиндилъ камиллъараб Къанун. 21Дуца цогидазда малъула – дудаго щайха малъулареб? ЦІогьодугейилан малъула – мунго щайха цІогьодулев? 22ХъахІбалъи гьабугейилан абула – дуцаго щайха хъахІбалъи гьабулеб? Гьересиаллагьзаби дуда рихарал руго – гьел жанир ругел храмал щайха дуца талавур гьарулел? 23Дуе Къанун рещтІун бугилан веццарула мун, амма дуца гьеб Къанун хвезабула ва гьелдалъун Аллагь хІакъир гьавула. 24ТІухьдузда хъван бугелъул: «Нуж сабаблъун мажусияз Аллагь какулев вуго».
25Сунат гьабиялъул дуе пайда буго, Къануналъ малъухъе мун хьвадулев вугони. Дуца Къанун хвезабулеб бугони, сунатго гьабичІев гІадинав чи гурищ мун кколев? 26Цогидал халкъазул чи Къануналъ малъухъе хьвадулев вугони, сунат гьабурав чи гІадин къабул гьавуларищ Аллагьас гьевги? 27Чорхол лага къотІун сунат гьабичІониги, Къануналда рекъон хьвадулел цогидал халкъазул гІадамаз гІайиб чІвала дуда, хъвараб Къанунги рещтІарав, сунатги гьабурав, амма Къануналда рекъон хьвадуларев чи вугилан. 28Чорхол лага къотІун сунат гьабуравщинав ва тІасан вихьизе жугьутІавилан кколевщинав чи жугьутІав гуро. 29Унго-унгояв жугьутІав ккола жаниса жив жугьутІавлъунги вугев ва жиндир рекІелъ, Къануналъул хІарпаздалъун гуреб, Илагьияб РухІалдалъун сунатги гьабурав чи. Гьединав чиясе рецц, гІадамаздасан гуреб, Аллагьасдасан букІуна.

 

3 бетІер

 

1Гьедин батани, жугьутІал цогидал халкъазул гІадамаздаса сундалъунха тІокІал ругел? Сунат гьабиялъул пайда бугебищ? 2Бугебха, бугизеги батІи-батІияб пайда буго! ТІоцебесеб – Аллагьас жиндирго рагІул божилъи жугьутІазде гьабуна. 3Гьезул цо-цояз гьеб божилъи хвезабуни? Гьезул божуда рекІкІ сабаблъун, Аллагьас жиндирго рагІи хвезабулебищ? 4Киданиги гьабуларо! Аллагьас киданиги хвезабуларо жиндирго рагІи, хІатта киналго гІадамал гьерсихъабилъун лъугьанигицин. ТІухьдузда хъван буго: «Щиб Дуца абуниги, гьеб хІакъаб букІина, Дуде гІайиб гІунтІизабурасдасаги Мун бергьина».
5Нилъер квешал ишаз Аллагьасул ритІухълъи якъинго загьир гьабулеб бугони, гьелда щибиланха абилеб? Нилъее тамихІ ритІухъго гьабулеб гьечІин Аллагьасиланищ абилеб? (Дица гьеб гьикъулеб буго инсанасулаб гІакълуялда нахъвилълъун.) 6Гьедин абизе бегьуларо! Гьедин бугони, Аллагьас гІаламалъего суд кин гьабилеб?
7Дир квешал ишаз Аллагьасул хІакъикъат жеги цІикІкІун загьир гьабулеб бугони, гьелдалъун Аллагьасе реццги жеги цІикІкІунеб бугони? Гьеб сабаблъун мунагьалъукье кканилан Аллагьас дие тамихІ гьабизе бегьилищ? 8«Гьедин батани, рачІаха квешлъи гьабизе, цинги гьеб лъикІлъиялде сверизе!» – ян абизе бегьилищ? (Цо-цо дун какизе бокьарал гІадамаз хІакъикъаталдаги абула дица гьедин гьабизе малъулеб бугилан. Гьезие насиблъила мустахІикъаб тамихІ!)

 

Аллагьасда цере тІолабго гІаламалъул мунагьал

 

9Нижее, жугьутІазе, тІокІлъи гьечІебищха? ГьечІо! Дица бичІчІизабунагури, жугьутІалги цогидал халкъалги – киналго мунагьалъул кверщаликь ругилан. 10ТІухьдузда хъван буго:
«Цониги муъминчи гьечІо,
цохІониги гьечІо.
11Цониги бичІчІулев чиги гьечІо,
лъицаниги Аллагь валагьулев гьечІо.
12Киназго Аллагьасде мугъ рехун буго,
киналго квешлъун руго.
ЛъикІлъи гьабулев чиго гьечІо,
цохІониги гьечІо.
13Рагьараб хобалда релълъуна гьезул мукъулукъ,
гьезул мацІалтІаги гьереси буго.
Борхьил загьру буго гьезул кІутІбузда.
14Ццидалги хьандеялъулги цІун буго гьезул кІал.
15Би гІодобе тІезе гІедегІула гьезул бохдул,
16Гьел щванщиналъуб чІунтиги чІунтелалги руго.
17Ракълил нух лъаларо гьезда.
18Аллагьасукьа хІинкъизе бокьулеб гьечІо гьезие».
19Кинабго Къануналъ абулеб бугебщинаб Къануналда рекъон хьвадулезе бихьизабураб букІин лъала нилъеда, – гьединлъидал жинда гІайиб гьечІилан лъицаниги кІал ричІизе бакІ гьечІо, Аллагьасда цебе тІолабго гІаламалда гІайиб чІвалеб буго гьелъ. 20Къануналъ малъухъе хьвадунилан цониги чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунаро. Нилъер мунагь щиб жояли бихьизаби гурони, цоги щибха гьелдаса бугеб?

 

МасихІиде божи-иман – хвасарлъиялде нух

 

21Амма гьанже нилъее рагьана гьеб, Къануналъухъго балагьичІого, Аллагьасда цере ритІухълъулеб нух. Къануналъги аварагзабазги цебеккунго бицун букІараб нухин гьеб. 22ГІиса МасихІиде иман лъеялдалъун Аллагьас насиблъизабураб ритІухълъи ккола гьеб. Щивниги ватІа гьавичІого, кинавго иман лъурав чиясе загьирлъана гьеб нух. 23Киналго мунагьалъукье ккун рукІана, киналго махІрумлъун рукІана Аллагьасдасан рещтІараб Нуралдаса. 24Цинги, Гьесул баркат лъун, чІобого щвана нилъее Аллагьасда цере ритІухълъи. МасихІ ГІисадалъун рецІел щведалин гьел ритІухълъарал. 25Аллагьас гьев къурбанлъун гьавуна, гІадамазул мунагьал гьесул биялдалъун ва гьесде иман лъеялдалъун чуризе. Цебе, жинца гьел хІехьон рукІараб заманалда, гьез гьарурал мунагьазда тІасаги лъугьун, жиндирго ритІухълъи загьир гьабуна Аллагьас. 26Живго ритІухъав вукІин ва ГІисаде иман лъурал гІадамал жинца ритІухъ гьарулеллъиги бихьизабуна гьес гьанже. Гьеле гьедин загьир гьабуна Аллагьас живго ритІухъав вукІин.
27Сундасаха гьанже нилъ чІухІизе бегьулел? Сундасаниги чІухІизе бегьуларо. ЧІухІизе жо щибха нилъер бугеб? ЛъикІал ишалищ? Гуро, – нилъерго божи-иман! 28Мусал Къанун цІуниялдалъун ритІухълъичІониги, божи-иманалдалъун инсан ритІухълъулевлъи чІезабулеб буго нижеца. 29Аллагь гІицІго жугьутІазул Аллагьищ? Цогидал халкъазулги Аллагь гурищ гьев? У, цогидал халкъазулги Аллагь вуго гьев. 30Аллагь цо вуго, сунат гьабуравги божи-иманалдалъун ритІухълъизавулев, сунат гьабичІевги – гьединго божи-иманалдалъун ритІухълъизавулев. 31Божи-иманалъе гІоло Мусал Къанун нахъчІвалебищха нилъеца бугеб? ГьечІо! Къанун гучлъизабулеб буго нилъеца.

 

4 бетІер

 

Ибрагьимил гІумруялдаса мисал

 

1Нилъер зурияталъул эмен Ибрагьимил хІакъалъулъ щибилан нилъеца абилеб? Щиб гьесие загьирлъараб? 2Ибрагьим жиндирго лъикІал ишаздалъун ритІухълъаравани, Аллагьасда цеве гурев, гІадамазда цеве чІухІизе бегьилаан гьев. 3ТІухьдузда щиб хъван бугеб? «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана».
4Сайигъат гуро хІалтІухъанасе кьолеб мухь – гьесие кколеб харж буго. 5Амма инсанас, жиндирго ишазда гуреб, мунагьазул цІуралги ритІухъаллъун гьарулев Аллагьасде лъураб иманалда мугъчІвалеб бугони, гьесул божи-иман сабаблъун, Аллагьас гьев рикІкІуна жиндие ритІухъав чилъун. 6Ишазухъ балагьичІого, ритІухъал чагІилъун рикІкІаразде Аллагьасул баркат рещтІиналъул бицунаго, гьебго жо абулеб буго Давудицаги:
7«Гьардарал гурищ жидер мунагьги чурарал хІакъалда тІасаги лъугьарал чагІи. 8Гьардарав гурищ жиндир мунагь БетІергьанас бахчарав чи».
9ГІицІго сунат гьабуразейищха гьеб баркат щолеб, сунат гьабичІезе щоларебищ? Дица бицана Ибрагьимил божи-иман сабаблъун рикІкІанин Аллагьас гьев жиндие ритІухъав чилъун. 10Кида гьеб букІараб – гьес сунат гьабилелдейищ, гьабун хадубищ? Сунат гьабун хадуб гуреб, сунат гьабилелдего букІана гьеб. 11Сунат гьабилелдего, божи-иманалъухъ балагьун, гьев ритІухъ гьавуна Аллагьас. РитІухъав вукІиналъул мугьру гІадинаб гІаламатлъун лъугьана цинги Ибрагьимил сунат. Иман лъуразда гьоркьоса киналго сунат гьабичІезулги эменлъун лъугьана Ибрагьим, божи-иманалъухъ балагьун Аллагьас гьел ритІухълъизаридал. 12Гьединго сунат гьабуразулги эмен вуго Ибрагьим. Сунат гьабурал рукІин гуребги, гьел Ибрагьимил нухдасан ана, сунат гьабилелдего гьесулъ букІараб божи-иман гьезулъги букІиндал.
13Къанун цІуниялдалъун гуреб, божи-иманалдалъун Ибрагьим ритІухълъизавидал, гьаб дуниял нужее насиблъизабилин рагІи кьун букІана Аллагьас Ибрагьимиеги гьесул наслуялъеги. 14ГІицІго Къануналъ малъухъе хьвадулезе гьеб рагІи кьун букІарабани, божи-иманалъул щибго пайда букІинароан, кьураб рагІиги гІадада ккелаан, 15Къануналъ Аллагьасул ццин бахъинабулелъул, Къанун гьечІеб бакІалда такъсирги букІунаро.
16Гьединлъидал гьеб рагІи кьеялъе сабаблъун божи-иман лъугьана ва гьел мустахІикълъичІеб сайигъатлъун букІана. Гьедин кьураб рагІи хвезабиларилан къотІиги гьабуна Аллагьас Ибрагьимил наслуялъе: Къануналъ малъухъе хьвадулезе ва Ибрагьимил божи-иманалъул нух ккуразе. Нилъер киназулго эмен вуго гьев. 17ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дица мун гІемерал халкъазул эменлъун гьавила». Гьес иман лъурав Аллагьасда цеве нилъер эмен вуго Ибрагьим. Хварал чІаголъизарулев, гьечІелъуса щибгоги букІинабулев Аллагьин гьев!
18Хьул къотІараб мехалъги хьул лъун божана Ибрагьим Аллагьасда. Гьединлъидал гІемерал халкъазул эменлъун лъугьана гьев: «Дур наслуялъул гІадамал цІвабигІан гІемер рукІина», – ян ТІухьдузда хъварабги ритІухълъун. 19Нусго соналде вахунев вугев жиндир чорхол чІаголъи хун букІиналъул ва лъимер ургьиб хулулареб херлъиялде ян Сарат йикІиналъул пикру гьабичІого, божи-иман загІиплъизе биччачІо гьес. 20Аллагьас кьураб рагІи холилан ракІалдецин ккечІого, божи-иманалъулъ щулалъана ва Аллагьасе рецц гьабуна. 21Кьураб рагІи тІубазабизе къуват Аллагьасул букІиналда щибго щаклъи гьечІого божана. 22Гьеле гьединлъидал Аллагьас «гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана».
23ГІицІго гьесул хІакъалъулъ гуро хъван ругел «ритІухъав чилъун рикІкІана» абурал гьел рагІаби. 24Аллагьас ритІухъал чагІилъун рикІкІине ругел ва ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурав Аллагьасда божулел нилъер хІакъалъулъгийин. 25Нилъер мунагьал чуриялъе гІоло хвалде ана ГІиса ва нилъ ритІухълъизариялъе гІоло Аллагьас чІаголъизеги гьавуна.

 

5 бетІер

 

Божи-иманалдалъун ритІухълъизаруна нилъ

 

1Божи-иманалдалъун ритІухълъизарун ругелъул, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьгунги рекъана нилъ. 2Гьесдалъун кІвана нилъеда божи-иман сабаблъун гьанже нилъее бугеб баркаталъе мустахІикълъизе. Аллагьасул къудраталъулъ нилъееги гІахьаллъи щвелилан бугеб хьулалдаса рохун руго нилъ. 3Гьелдаса гуребги, гІазаб-гІакъубаялдасаги рохун руго, гІазаб-гІакъубаялъ сабру кьолеблъиги лъан. 4Сабруялъ рачуна къо хІехьеялде, къо хІехьеялъ рачуна хьул лъеялде, 5хьул гІадада кколаро – нилъеде рещтІинабураб Илагьияб РухІалдалъун Аллагьас нилъер рекІелъе рокьи чвахизабулеб бугелъул.
6Жеги нилъ загІипго рукІаго, Аллагьас болжал цІараб заманалда, МасихІ хвана мунапикъзабазул мунагьал сабаблъун. 7Муъминчиясе гІолоцин хвалде чи инадай? ЛъикІав инсанасе гІоло холев чи вукІинеги бегьула. 8Амма Аллагьас бихьизабуна гьесие нилъ рокьулеллъи: мунагьазул цІун нилъ ругеб мехалда, нилъее гІоло хвана МасихІ.
9Гьесул би гІодобе тІедалин нилъ гьанже ритІухълъарал. Аллагьасул ццидадасаги кигІан цІикІкІунха гьес нилъ хвасарлъизарилел! 10Аллагьасул тушбабилъун нилъ рукІараб заманалда, гьесул Вас хвей сабаблъун, рекъел ккана гьесдаги нилъедаги гьоркьоб. Рекъел ккун хадуб кигІан цІикІкІунха нилъ хвасарлъилел гьев чІаголъи сабаблъун. 11ТІадежоялъеги нилъ ракълиде рачарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун Аллагьас тІуразарурал ишаздаса рохунги руго нилъ.

 

Адамги МасихІги

 

12Гьаб дуниялалде мунагь цо инсан сабаблъун бачІана, мунагь сабаблъун хвелги бачІана. Киназго мунагь гьабидал, хвелги киназдего бачІана. 13Мусал Къанун рещтІиналдего букІана дуниялалда мунагь. Амма Къанун гьечІеб бакІалда мунагь мунагьлъун рикІкІунаро. 14Адамидаса бахъараб Мусаде щвезегІан киналго хвалил квачІикь рукІана, Адамица гІадинаб мунагь гьабичІелгицин. Нахъа вачІине вугесул сипат-суратлъун вукІана Адам.
15Аллагьасул баркат мунагьалде данде кквезе бегьуларо. Цо инсанасул мунагь сабаблъун гІемерал гІадамал хвана. КигІан гІемерав чиясеха баркат щвараб цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун. 16Цо инсанас гьабураб мунагь Аллагьасул баркаталде данде кквезе бегьуларо. ЦохІо мунагьалдаса хадуб судги гьабуна, тамихІги гьабуна. Амма гІемерал мунагьазда хадуб, тІубанго ритІухълъизарун, баркатги рещтІана. 17Цо инсанас гьабураб цохІо мунагь сабаблъун хвалие ханлъи щвараб батани, цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун кигІан гІемерал гІадамазеха парччахІлъи щвезе бугеб! Гьарзаго Аллагьасул баркатги щварал ва чІорого ритІухълъизеги гьарурал гьел гІадамазе чІаголъи насиблъила.
18ХІакъикъаталдаги, цо инсанасул мунагь сабаблъун, гІемерал гІадамазе суд гьабуна. Гьединго, цо инсанасул лъикІаб иш сабаблъун, киналго гІадамал ритІухълъана ва гьезие чІаголъиги щвана. 19Аллагьасухъ гІенеккичІев цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал мунагьалъукье ккарал гІадин, Аллагьасухъ гІенеккарав цо инсан сабаблъун гІемерал гІадамал ритІухълъизарила. 20Къанун рещтІана такъсир цІикІкІине. Амма мунагь цІикІкІараб бакІалда гІемерго цІикІкІана Аллагьасул баркатги. 21Инсан хвезавулеб мунагьалъ ханлъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже Аллагьасул баркаталъги ханлъи гьабила, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ ритІухълъизе ва абадияб гІумруги насиблъизе.

 

6 бетІер

 

Мунагьалъе хвеялъул магІна щиб?

 

1Цоги щиб дица абилеб? Аллагьасул баркат цІикІкІине бокьани, церего гІадин мунагьал гьаризе кколинищ? 2Кколаро! Мунагьалъе хвана нилъ! Гьанжеги мунагьал гьаризе бегьилищ нилъеца? 3Яги нужеда кІочонищ тараб ГІиса МасихІгун цолъизе нилъ лъадаца чурараб заман? Гьеле гьедин нилъги лъадаца чуридал, гьесул хвел нилъееги гІахьалаблъун лъугьана. 4Лъадаца чурун хвел гІахьалаблъун гьабидал, гьесда цадахъ хабалъги рукъана нилъ. Инсул кІудияб къудраталдалъун хваралъуса вахъинавурав МасихІида релълъун, гьанже нилъедаги кІола цІияб гІумру гьабизе.
5Гьедин МасихІил хвелалдалъун нилъ гьевгун цолъун ругони, гьайгьай, чІаголъизариялдалъунги цолъила нилъ гьевгун. 6Нилъеда лъала цеве нилъелъ вукІарав инсан гьесда цадахъ хъанчида ван хваравлъи – нилъелъ бугеб мунагьалъул къуват лъугІизе ва мунагьалъул лагъзаллъун нилъ хутІунгутІизе. 7Хварав чиясда тІад мунагьалъ ханлъи гьабуларелъулха!
8Нилъ божула, МасихІида цадахъ хведал, гьесда цадахъ чІаголъизе рукІиналдаги. 9Нилъеда лъала хваралъуса вахъинавурав МасихІ тІокІав хвезе гьечІевлъи. Хвалил кверщел хутІичІо гьесда тІад. 10Гьев цо нухалда хвана, мунагьалъе хвана гьев. Гьанже гьев чІаго вуго, Аллагьасда цеве чІаго вуго. 11Гьедин нужецаги нужго рикІкІе, МасихІиде цолъун, мунагьалъе хвараллъун, Аллагьасда цере чІагояллъун.
12Гьединлъидал хвалил кверщаликь бугеб нужер чорхолъ мунагьалъ ханлъи гьабизе биччаге. 13Нужер чорхол лугби мунагьалъул кверщаликье ккезе риччаге, квешлъи гьабизе квалквадулеб ярагълъун ккезе риччаге гьел. Хвел тІаса инабун чІаголъиялде рачарал Аллагьасда кодоре кье нужго ва ритІухълъиялъе квалквадулеб ярагълъун нужер чорхол лугбиги кье. 14Мунагьалъ нужеда тІад кверщел гьабизе бегьуларо, щайгурелъул Къануналъул кверщаликь гурел, Аллагьасул баркаталъул кверщаликь ругелъул нуж.

 

РитІухълъиялъул лагъзаллъун лъугьана нуж

 

15Щибха гьанже гьабизе кколеб? Къануналъул кверщаликь гьечІого, Аллагьасул баркаталъул кверщаликь ругелъул, мунагьалищ гьарилел? Гьариларо! 16Цо лъиениги мутІигІлъун, гьесие лагълъи гьабулеб бугони, хІакъикъаталдаги нуж гьесул лагъзаллъун лъугьунеллъи лъаларищ нужеда? Нужее буго кІиго нух: хвалде рачунеб мунагьалъе мутІигІлъи яги жиб сабаблъун Аллагьас инсан ритІухълъизавулеб мутІигІлъи. 17Кидаялиго нуж мунагьалъул лагъзаллъун рукІарал ратаниги, Аллагьасе рецц, нужеца ракІ-ракІалъ къабул гьабуна дица малъарабщинаб. 18Нуж мунагьалдаса тархъанлъана ва ритІухълъиялъул лагъзаллъун лъугьана.
19Нужер напс жеги загІипго бугелъул, нужеда гьеб дица гІадатияб мацІалда бицунеб буго. Нужер чорхол лугбуз хъублъиялъе, квешлъи-пасалъиялъе лагълъи гьабулеб букІараб гІадин, гьанже гьел тІаме нуж рацІцІалъизарулев Аллагьасе лагълъи гьабизе. 20Мунагьалъул лагъзаллъун ругеб заманалда рацІцІалъиялъул кверщаликьа рорчІун рукІана нуж. 21Гьанже нужго намуслъулел дол ишаздаса щиб пайда ккараб нужее доб мехалда? Хвалдейин додинал ишаз рачунел! 22Амма гьанже мунагьалдаса тархъанлъараб ва Аллагьасул лагъзаллъун лъугьараб мехалда нужее ккараб пайдаялъ хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялде рачуна. Ва ахиралда абадияб гІумруялдеги рачуна! 23Хвел буго мунагьалъухъ кьолеб мухь, амма абадияб гІумру буго нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисаде цолъарал нилъее Аллагьасул сайигъат.

 

7 бетІер

 

Къануналъе хвеялъул магІна щиб?

 

1Дица бицунеб бугеб жо нужеда бичІчІила, вацал, Къанун щибали нужеда лъалелъул. Инсан чІаго вугебгІан заманалда гурони, Къануналъ гьесда тІад кверщел гьабуларо. 2Масала, Къануналъ лъади жиндирго росасдехун юхьун йикІуна гьев чІаго вугебгІан заманалда. Гьев хваравго, гьей эркенлъула ригьнал рахъалъ Къануналъул рихьизарияздаса. 3Рос чІаго вукІаго гьей цогидасда цадахъ йигони, зина гьабулеб бугин гьелъилан абула. Амма рос хведал гьей эркенлъула Къануналъул кверщелалдаса. Цогидасе аниги, зина гьабулеб бугин гьелъилан абуларо.
4Гьединго нужги хвана, вацал, гьеб Къануналъе, – МасихІил чорхол лагалъун лъугьун, нуж цогидасухъе, ай хваралъуса вахъинавурасухъе, ине, цинги лъикІал ишаздалъун Аллагьасе хъулухъ гьабизе. 5Мунагьаб напсалъ нилъеда тІад кверщел гьабулеб букІараб заманалда, Къануналъ квешал къасдазул къуват цІикІкІинабулаан нилъер чурхдузулъ, нилъер ишаздалъун хвалие хъулухъги гьабулаан. 6Амма кидаялиго нилъ асирлъуда чІезарун рукІараб мунагьалъе гьанже нилъ хун ругелъул, Къануналдаса эркенлъана, – хъван кьураб Къануналъ бихьизабураб басрияб нухдасан инчІого, РухІалъ бихьизабураб цІияб нухдасан ун, Аллагьасе гІибадат гьабизе.

 

Къанунги мунагьги

 

7Щибиланха гьанже абилеб? Къанун мунагьазул иццлъун кколиланищ абилеб? Абиларо! Къанун букІинчІебани, мунагь щиб жояли лъалароан дида. Масала, дида лъалароан, жахІда-хІусуд щиб жояли: «ЖахІда-хІусуд гьабуге!» – ян абураб амру Къануналда батичІебани. 8Гьеб амруги хІалае ккун, мунагьалъ дир жахІдаяб рекІелъ рижизаруна цогидазул бугебщинаб диеги щвелародайилан абурал пикраби. Къанун гьечІони, мунагь хвараб жо буго. 9Къанун гьечІеб заманги букІана дир гІумруялъулъ, амма Къануналъул амру рещтІараб мехалъ, мунагь чІаголъана, дун хвана. 10Амру рещтІун букІана дун чІаголъизавизе, гьелъин абуни, дун хвалде вачана. 11Амруялъ кьураб ресалдаса пайдаги босун, гьеб мунагьалъин дун гуккарав ва, амруги хІалае ккун, дун хвезавурав. 12Къанунги бацІцІадаб буго, Аллагьасул амруги бацІцІадаб, ритІухъаб ва лъикІаб буго.
13ЛъикІаб жоялъ дун хвезавуниланищ дица абулеб бугеб? ГьечІо! Мунагьалъ гьабуна гьеб, гьедин жиндирго квешлъиги загьир гьабуна гьелъ. Мунагьалъ хвезавуна дун, лъикІаб жоялдаса пайдаги босун. Гьединаб къагІидаялъ Аллагьасул амруялъ квербакъана мунагь бищунго гІасияб жо букІин загьирлъизе.

 

Инсанасулъ лъикІлъиги квешлъиги цоцалъ къеркьолеб буго

 

14Нилъеда лъала Къанун илагьияб букІин, дунин абуни, холев-унев чи вуго, мунагьалъе лагълъун вичунги вуго. 15Дидаго бичІчІулеб гьечІо дие щиб бокьун бугебали. Диего бокьараб дица гьабуларо, рекІее рихараб гьабун батула. 16Диего бокьулареб жо дица гьабулеб бугони, гьелъул магІна ккола Къанун лъикІаб жо букІин дида бичІчІулеб бугеблъи. 17ХІакъикъаталда дица гуро квешлъи гьабулеб, гьеб гьабула дилъ бугеб мунагьалъ. 18Дида лъала дир напсалъ биччалеб гьечІеблъи дица лъикІлъи гьабизе: лъикІлъи гьабизе дие бокьаниги, дихъа гьеб лъугьунаро. 19Дица гьабулеб бугеб иш доб дие гьабизе бокьун бугеб лъикІаб иш кколаро. Дицаго гьабизе бокьун гьечІеб квешлъиги гьабулеб буго дица. 20Гьединаб къагІидаялъ диего бокьулареб жо дица гьабуни, гьеб дица гьабураблъун кколаро, дилъ бугеб мунагьалъ гьабула гьеб.
21ХІасил, дие загьирлъана инсанасул хасият: лъикІлъи гьабизе бокьараб мехалъ, квешлъи гьабун бахъун кколеб буго. 22Аллагьасул Къануналдаса бохун букІуна дир ракІ. 23Амма дида лъала дир чорхол лугбузул хасият батІияб букІин. Гьеб дир гІакълуялда дандечІола. Дир чорхол лугбузул гьеб хасият сабаблъун гьабураб мунагьалъул асирлъунги ккана дун.
24Дидаса талихІ къосарав чиго вугодай! Дун хвалде вачунеб чорхол хасияталдаса лъица дун хвасар гьавилев? 25Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун дун хвасар гьавулев Аллагьасе рецц!
Дир гІакълуни Аллагьасул Къануналъул лагъ буго. Амма дир мунагьаб напс мунагьаб хасияталъул лагъ буго.

 

8 бетІер

 

Иман лъурасул гІумру

 

1ГІиса МасихІиде цолъаразе тамихІ гьечІо гьанже. 2ГІиса МасихІидалъун чІаголъизарулеб РухІалъул къануналъ тархъан гьавуна дун мунагьалъулги хвалилги къануналдаса. 3Нилъер мунагьаб напс загІипаб бугелъул, Къануналда гьабизе кІвечІебги Аллагьас гьабуна. Инсанасул мунагьаб черхалда релълъараб черх бугев жиндирго Вас витІана гьес мунагьал чуриялъе къурбанлъун. Гьедин тамихІ гьабуна Аллагьас инсанасулъ бугеб мунагьалъе. 4Гьанже кІола нилъеда Къануналъул киналго ритІухъал амруял щвалде щун тІуразаризе – нилъер мунагьаб напсалъе бокьухъе гуребха, Аллагьасул РухІалъ малъухъейин.
5Жидерго мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел гІадамазул гІакълу мутІигІлъула гьезул напсалъе бокьулеб жоялъе. Амма Аллагьасул РухІалъ малъухъе хьвадулезул гІакълу мутІигІлъула РухІалъе бокьулеб жоялъе. 6Мунагьав чиясул гІакълуялъ гьев хвалде вачуна, амма РухІалъул кверщаликь бугеб гІакълуялъ инсан абадияб гІумруялде ва сах-саламалъиялде вачуна. 7Мунагьаб гІакълу Аллагьасда дандечІола. Гьеб Аллагьасул къануналъе мутІигІлъуларо, мутІигІлъизеги кІоларо гьелда. 8Жидерго мунагьаб напсалъе мутІигІлъулел гІадамаздаса Аллагь разилъизе рес гьечІо.
9Нужелъ Аллагьасул РухІ бугони, нужеда тІад кверщел мунагьаб напсалъ гуреб, РухІалъин гьабулеб. МасихІил РухІ жиндилъ гьечІев инсан МасихІил умматалъул чи кколаро. 10Дулъ МасихІ вугони, дур черх мунагьалъе хола, амма Аллагьас мун ритІухъ гьавидал, дур рухІ чІаголъула. 11МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул РухІ нужелъ бугони, МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьас нужелъ бугеб жиндирго РухІалдалъун чІаголъи кьела холел-унел нужер чурхдузеги.
12Гьанже, вацал, нилъеда тІадаб парзги бугебха, амма мунагьаб напсалда нахърилълъине паризаяб гьечІо. 13Мунагьаб напсалъе бокьухъе хьвадулел ругони, нуж хвела. Амма, РухІги хІалае ккун, нужеца хвезаруни нужго мунагьалъукье ккезарулел ишал, нужее абадияб гІумру насиблъила. 14Аллагьасул РухІалъ тІоритІулел ругел гІадамал Аллагьасул лъимал ккола. 15Нужеде рещтІараб гьеб РухІалъ хІинкъи кьоларо ва лагълъи гьабизе тІамуларо. Нужехъе рещтІана Аллагьасул лъималлъун нуж лъугьинарулеб РухІ. Гьелъин нуж тІамулел: «Абба, дир эмен!» – абун ахІизе. 16Гьеб РухІалъ, нилъерго рухІазгун цадахъ, нугІлъи гьабула нилъ Аллагьасул лъимал рукІиналъе. 17Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее.

 

Нилъелъ загьирлъизе бугеб къудрат

 

18Дида ракІалде ккола, гьанже нилъее бугеб гІазаб-гІакъуба данде кквезегицин бегьиларин нилъелъ загьирлъизе бугеб къудраталда. 19Кинабго бижанщинаб гІащикъго балагьун чІун буго жиндир лъимал щалали Аллагьас кидадай загьир гьабилаян. 20-21Гьеб бижанщинабги битІараб нухдаса къосине къадар букІана, жиндиего бокьун гуребха, – Аллагьасул хІукму гьединаб бугелъул. Амма гьеб бижанщиналъул хьул букІана хвалил лагълъиялдаса хвасарлъизе. Хьул букІана Аллагьасул лъималазе щвараб гІадинаб къудраталъулги эркенлъиялъулги бутІа жидееги щвелин.
22Гьеб бижанщинаб гьанжелъагІангицин, лъимаде хІара чІварай чІужугІадан гІадин, угьдилеб бугеблъи лъала нилъеда. 23ЦІияб гІумру байбихьиялъул гІаламатлъун Аллагьасул РухІ сайигъатлъун щварал нилъгицин угьдилел руго кидадай Аллагьас нилъ жиндирго лъималлъун гьарилаян ва кидадай нилъ тІубанго эркенлъилаян. 24Хьул лъедалин нилъее хвасарлъи щвараб. Амма бералда бихьулелде лъураб хьул – гьеб хьул гуро. Бихьулеб жоялде хьул кин лъолеб? 25Жеги нилъеда бихьичІелде хьул лъураб мехалъ, кидадай гьеб щвелаян сабру гьабун рукІуна нилъ.
26ЗагІипал ва щиб гьарилебали лъаларел нилъее квер бакъула Аллагьасул РухІалъ. Амма жибго гьеб РухІалъгицин угьдилаго гьарула нилъее хІажатабщинаб, рагІабаздалъун загьир гьабизе бажарулареб каламги гьабун. 27Аллагьасда лъала нилъер рекІелъ щиб бугебали, лъала Аллагьасул РухІалъ кинал пикраби нилъер рекІелъ рижизарун ругелали. Аллагьас малъун гьеб РухІалъ, Аллагьасул халкъалъул рахъалъ Аллагьасде гьари-дугІа гьабулеб буго.
28Жив вокьулел ва, жиндир амруялда рекъон, хъулухъ гьабизе ахІарал гІадамазе Аллагьас сундулъго лъикІлъи гьабулеблъи лъала нилъеда. 29Гьел руго жеги дуниялалде рачІиналдего Аллагьас тІаса рищун рукІарал гІадамал. ГІемерал вацазда гьоркьов гьесул Вас тІоцевесевлъун лъугьинелъун, гьесул Васасда релълъарал лъугьине цогидаздаса ратІа гьарунги рукІана гьел гІадамал. 30Жинца тІаса рищаралщинал Аллагьас жиндихъего ахІана, жиндихъего ахІаралщинал ритІухълъизеги гьаруна, ритІухълъизаруралщиназе жиндирго кІодолъиялъул бутІа насиблъизабуна.
31Гьанже гьелда тІаде щиб жубалеб? Аллагь нилъехъан ватани, нилъеда дандечІарав щивха? 32Щивниги гьечІо! Аллагь жиндирго Васасдагицин барахщинчІо, нилъее гІоло хвезе витІана гьев. Гьединаб сайигъат гьабурав Аллагьас хутІарабщинаб кьеларищ нилъее? 33Аллагьас тІаса рищарал нилъеда гІайиб чІвазе кІолев чи вугищ? ГьечІо. Аллагьас ритІухълъизарула гьел! 34Лъида кІвелеб гьезие тамихІалъе хІукму гьабизе? Лъиданиги кІвеларо! МасихІ ГІиса хвана, хваралъуса вахъана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго, нилъер рахъккун кІалъалев.
35Нилъеде МасихІил бугеб рокьи тІезабизе сунда кІвелеб? Балагьалдайищ? ГІазабалдайищ? ГІадамаздасан бачІунеб къварилъиялдайищ? Ракъиялдайищ? ГІицІлъиялдайищ? ХІинкъи букІиналдайищ? Хвалчадайищ?.. 36ТІухьдузда хъван буго: «Мун сабаблъун ниж щибаб къоялъ хвалил бадире ралагьун руго. Мун сабаблъун ниж рикІкІунел руго хъвезе рачун унел чахъабилъун».
37Сундасаго нилъ тІубанго бергьуна, нилъ рокьулев нилъее хІалае вугелъул. 38Дида ракІчІун лъала я гІумруялда, я хвалида, я малаикзабазда, я шайтІабазда, я гьаб заманаялъул къуваталда, я бачІунеб заманаялъул къуваталда, я цогидаб къуваталда, 39я тІасияб дуниялалъул къуваталда, я гъоркьияб дуниялалъул къуваталда, бижанщиналъул сунданиги, лъиданиги тІезабизе кІоларо нилъеде бугеб Аллагьасул рокьи – нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадалъун гьес нилъее загьирлъизабураб рокьи.

 

9 бетІер

 

Аллагьги Исраилил халкъги

 

1Гьале дица нужее битІахъе бицунеб буго (МасихІгун цолъарав дица гьереси бицунаро, – дир намус-яхІалъ тасдикъ гьабула гьеб, Илагьияб РухІалъ нугІлъиги гьабула гьелъие): 2дир ракІ цІакъ къваридго буго, нахъаса къотІичІого бухІулеб буго гьеб. 3НагІана кьун, МасихІидаса дунго тІезавизе разилъила дун, гьелдалъун дир вацазе, дир ракьцоязе, 4Исраилил халкъалъе пайда кколеб бугони. Аллагьас гьел жиндирго лъималлъун лъугьинаруна, жиндирго кІодолъиги гьезие загьир гьабуна, гьезулгун къотІиги гьабуна, Къанунги рещтІинабуна, Мукъадасаб Рокъоб Аллагьасе хъулухъ гьабизеги гьезие изну кьуна, хвасар гьарилилан рагІиги кьуна гьезие. 5Гьезда гьоркьоса рахъана цересел аварагзаби, инсан хІисабалда МасихІги гьезул наслуялъул вуго. Бищунго тІадегІанавлъун вугев Аллагьасе абадияб рецц! Амин.
6Аллагьас жиндирго халкъалъе кьун букІараб рагІи тІубачІилан абизе бегьуларо. Исраилил наслуялъул киналго гуро Исраилил халкълъун лъугьарал. 7Ибрагьимил зурияталъул киналго гуро Аллагьасул лъималлъунги лъугьарал. Аллагьас Ибрагьимида абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб». 8Аллагьас рагІи кьун гьарурал лъималаздаса лъугьараб гурони, цогидал лъималаздаса лъугьараб наслу хІакълъунго наслулъун рикІкІунарилан абураб магІна буго гьел рагІабазул. 9Гьадинаб рагІийин кьун букІараб: «Цо заманалдасан дун тІадвуссараб мехалъ, Саратил вас вукІине вуго».
10Гьале цоги мисал. Гьелдаго релълъун ккана Ребекъал ургьиб нилъер наслуялъул эмен ИсхІакъидасан кІиго лъимер хулараб мехалдаги. 11-12Жеги гьел лъимал гьарилелдего, гьез я квешлъи, яги лъикІлъи гьабилелдего, Аллагьас гьелда абуна: «ЦІикІкІаравги вукІина гьитІинасул лагълъун». Аллагьас гьедин щай абурабали загьирлъана гьес цояв тІаса вищидал. Гьезул ишазухъ балагьичІого, жиндиего бокьарав гьес жиндихъего ахІана. 13ТІухьдузда хъван буго: «Якъуб дие вокьана, ГІис[1] дие рихана», – ян.

 

Аллагьасул ццинги Аллагьасул цІобги

 

14Аллагьасул хІукму ритІухъаб гьечІилан абизе бегьилищ? Бегьиларо! 15Аллагьас Мусада абуна: «Диего бокьарасда цІобги лъела, диего бокьарасда гурхІизеги гурхІила», – ян. 16Гьедин цоял тІаса рищи бараб гьечІо инсанасе бокьи-бокьунгутІиялда ва гьесул хІаракат-жигаралда, Аллагьасул цІобалда бараб буго. 17ТІухьдузда хъван буго Аллагьас пиргІавнасда гьадин абунилан: «Мунги хвезавун, дирго кІодолъи бихьизабизеги дир цІарги тІолабго ракьалда машгьурлъизегийин дица мун кІодо гьавурав». 18Гьедин жиндиего бокьарав чиясда цІобги лъола Аллагьас, жиндиего бокьарав чи гІасилъизеги гьавула.
19Дие суал кьезе бегьула: «Гьедин батани, Аллагьас лъиданиги гІайиб чІвазе бегьилищ? Гьесул къадаралде дандечІезе кІолев чи вукІунищ?» – абун. 20Ле инсан, Аллагьгун гьедин дагІбадизе мун щив кколев? ЩагІил хъабаялъ щагІихъанасда гьикъулебищ: «Дуца дун гьадинаб щай гьабураб?» – абун. 21ЩагІихъанасул ихтияр гьечІищ цого хІатІалъул гьайбатаб сурахІиги гІадатияб хъабаги гьабизе?
22Жиндирго ццин бахъин бихьизабизе ва къудрат загьир гьабизе бокьаниги, халатккун сабруги гьабун, гьел «Аллагьасул ццидал цІурал хъубилъун» ругел гІадамал хвезаризе гІедегІуларо Аллагь. 23-24Гьесие бокьана жиндирго гьарзаяб баркат нилъеде – «Аллагьасул цІобалъул цІурал сурахІабазде» – рещтІинабизе. Гьес цебеккунго хІукму гьабун букІана нилъее баркат насиблъизабилин. Аллагьас жиндихъего ахІун руго нилъ – жугьутІал гурелги, цогидал халкъалги. 25Гьошея аварагасда Аллагьас гьадин абун буго: «Дир гуреб халкъ дир бугилан абила дица, дие хирияллъун гьечІезда дие хириял ругилан абила». 26Хадубги: «Нуж дир халкъ гурилан гьезда абураб бакІалда дица абила нуж хІакъав Аллагьасул лъимал ругилан».
27Ишая аварагасги гьадин абулеб буго Исраилил халкъалъул хІакъалъулъ: «Исраилил халкъ ралъдал салигІан гІемерлъаниги, гьезул хутІараб гьитІинабго бутІа гурони хвасарлъиларо. 28БетІергьанас ракьалда кьварараб хІукму хехго тІубазабизе бугелъулха». 29Гьелдасаги цебе Ишая аварагасул тІехьалда гьелъул хІакъалъулъ хъван буго: «ХІалкІолев БетІергьанас нилъее чанго наслу насиблъизабичІебани, нилъ Содомалъул халкъалда релълъинаан ва Гоморраялъул халкъалда ращалъилаан».

 

Исраилил халкъги Рохалил хабарги

 

30Гьанже щиб дица абилеб? ТІалаб гьабизе лъугьинчІониги, божи-иманалдалъун щвана мажусияллъун рукІаразе Аллагьасда цебе ритІухълъи. 31Къануналдалъун гьеб тІалаб гьабизе лъугьараб Исраилил халкъалъе ритІухълъи щвечІо. 32Щай гьедин ккараб? Щайгурелъул, божи-иманалдалъун гуреб, Къануналъ рихьизарурал ишаздалъун ритІухълъизе бокьана гьезие. 33ТІухьдузда хъван буго: «Балагье, дица Цион магІарда тІад лъун толеб буго гІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ. Гьеб ганчІида[2] божарав чиясул ракІбухІиларо», – ян.

 

10 бетІер

 

1Дие цІакъ бокьун буго, вацал, Исраилил халкъ хвасарлъизе. Аллагьасдаги гьарулеб буго дица гьел хвасар гьареян. 2Аллагьасул диналъе гьез хІаракатги жигарги бахъулеб бугилан нугІлъи гьабизе кІола дида, амма хІаракатги жигарги бугониги, бичІчІиги лъайги гьечІо гьезул. 3Аллагьасдасан бачІунеб хІакъаб ритІухълъи жидеда лъаларелъул, гьел лъугьунел руго жидерго хасаб ритІухълъи чІезабизе. Аллагьасул ритІухълъиялъеги мутІигІлъулел гьечІо. 4МасихІ ккола Къануналъул ахир. Гьединлъидал божи-иман бугевщинав чи ритІухълъизе рес буго.

 

«ЦохІо БетІергьан вуго киназулго БетІергьан»

 

5Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ Мусаца гьадин абулеб буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила». 6Амма божи-иманалдалъун щолеб ритІухълъиялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда гьадин хъван буго: «Дуца дудаго гьикъуге зобалазде щив вахиневилан?» (Гьелъул магІна – МасихІ зобалаздаса ракьалде вачине.) 7«Гъваридаб кІкІалахъе щив лъугьиневиланги» гьикъуге дудаго. (Гьелъул магІна – МасихІ хваразул дуниялалдаса вачине.) 8Гьале гьадинги хъван буго ТІухьдузда: «Аллагьасул рагІи дуде гІагарлъун буго. Гьеб дур кІалдиб буго, дур рекІелъ буго». Гьеб буго божи-иманалъул хІакъалъулъ нилъеца халкъалда лъазабулеб бугеб рагІи. 9Дур кІалалъ абулеб бугони ГІиса ТІадегІанав вугилан, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавиялда ракІги божулеб бугони, мун хвасарлъила. 10Дур ракІ божулеб бугелъул, рекІедалъун ритІухълъиги щвела дуе, дур кІалалъ Рохалил хабар тІибитІизабулеб бугелъул, кІалалдалъун хвасарлъиги щвела. 11ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьелда божаравщинав чиясул ракІбухІиларо», – ян. 12ЖугьутІазулги цогидал халкъазулги хІакъалъулъ батІалъи гьечІого абулеб буго гьедин. ЦохІо БетІергьан вуго киназулго БетІергьан. Жиндир цІар рехсон гьарарав чиясде гьес гьарзаяб баркат рещтІинабула. 13ТІухьдузда хъван буго: «БетІергьанасул цІар рехсарав чи хвасарлъила», – ян.
14Мун божуларев чиясул цІар кин рехсолеб? Дуда рагІичІев чиясда кин божилев? Лъицаниги дуда лъазабулеб гьечІони, кин дуда гьеб рагІилеб? 15ВачІун кин гьеб лъазабилеб, мун гьелъие витІарав чапар гьечІони? ТІухьдузда хъван буго: «Рохалил хабар босун вачІунев чиясул кІалдиб гьоцІо буго!»
16Амма Исраилил тІолабго халкъалъ гуро Рохалил хабар къабул гьабураб. Ишая аварагас абун бугелъул: «Я, БетІергьан, нижеца бицаралде иман лъурав чи вугевищ?» – ан. 17ХІасил, божи-иман бижула хабаралъухъ гІенеккани, хабаралъухъ гІенеккизе ресги щола вачІун лъицаниги МасихІил хІакъалъулъ хабар лъазабулеб бугони. 18Амма дица гьикъулеб буго гьезда рагІичІебищилан. РагІизени рагІана гьеб Исраилил халкъалда. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Аварагзабазул хабар тІибитІана тІолабго ракьалда, гьезул рагІабиги дуниялалъул рагІалде щвана», – ян. 19Цоги дица гьикъулеб буго гьеб харбил магІна Исраилил халкъалда бичІчІарабищилан. ТІоцебе Мусаца абулеб буго: «Халкъ бугин гьебилан рикІкІинегицин бегьулареб халкъалда нуж бахиллъизе тІамила дица. БичІчІи-лъайго гьечІеб халкъалда нужер ццин бахъинеги гьабила», – ян. 20Гьелдаса хадуб Ишая аварагасги хІинкъичІого абулеб буго Аллагьасул рахъалъ: «Валагьулев вукІинчІезда ватана дун. Дун цІехолел рукІинчІезе дунго загьирги гьавуна», – ян. 21Исраилил халкъалъул хІакъалъулъни Ишаяца гьадин абулеб буго: «МутІигІлъулареб ва чанкІкІараб халкъалдехун вуссун тІубараб къоялъ квералги цере ккун чІана дун».

 

11 бетІер

 

Аллагьас жиндирго халкъ рехун течІо

 

1Гьанже дица гьикъулеб буго: «Унго Аллагьас жиндирго халкъалдаса инкар гьабурабищ?» – абун. ГьабичІо! Дунги исраилилав вуго, – Ибрагьимил зурияталъул, Буняминил наслуялъул. 2Цебеккун жиндаго лъалеб букІараб жиндирго халкъалдаса инкар гьабилищха Аллагьас! Исраилил халкъалда тІасан Иляс аварагас Аллагьасде гІарз бахъиялъул бицунеб бакІалда ТІухьдузда щиб хъван бугебали лъалищ нужеда? Илясица абулеб буго: 3«Я БетІергьан, гьез дур аварагзаби чІвана, дуе къурбан хъвезе гьарурал бакІал щущазаруна. Гьанже цохІо хутІун вугев дунги гьез чІвазе валагьулев вуго!» 4Аллагьас гьесие жаваб кинха кьураб? «Дица диего цІунун вуго БагІалие[3] сужда гьабичІев анкьазарго чи». 5Гьединго Аллагьасул баркаталдалъун тІаса рищаразул хутІараб бутІаялъул гІадамал гьанжеги руго. 6Баркаталдалъун тІаса рищарал ругони, Къануналъул амруял тІуразаруралъухъ тІаса рищараллъун кколаро гьел. Гьедин букІинчІебани, баркаталда баркатилан абизе бегьилароан.
7Щибха лъугьараб? Додинаб хІаракат-жигаргун тІалаб гьабулеб букІараб жо, Исраилил халкъалъеги щвечІого, тІаса рищараздасан хутІаразе щвана. Цогидал Аллагьас гІинкълъизаруна. 8ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гьел согІлъизаруна. Жакъа къоялде щвезегІанги гьезул беразда бихьуларо, гьезул гІундузда рагІуларо». 9Давудицаги абулеб буго: «Биччанте гьел тІад кваналеб сурпа гьезие жалго кколеб гьинлъунги къорлъунги лъугьине, риччанте гьел гІодор ккезе, биччанте гьезде къисас рещтІине, биччанте щибго бихьуларедухъ гьезул бералги бецлъизе, 10биччанте гьезул мугъги кидаго къулухъе хутІизе».

 

Цогидал халкъалги хвасарлъила

 

11Цоги дица гьикъулеб буго: «ГІодор ккезе ва тІокІал тІаде рахъунгутІизе хъван букІунищ гьезул хІетІе хъущтІараб?» – абун. Гуро! Гьел гІодор ккей сабаблъун цогидал халкъалги хвасарлъана, Исраилил халкъ гьезда бахиллъизе. 12Гьел гІодор ккеялдалъун дуниял бечелъидал, гьезие ккараб заралалдалъун цогидал халкъазе пайдаги ккедал, кигІан кІудияб баркат букІинеб Исраилил тІолабго халкъ Аллагьасде буссараб мехалъ?
13Гьанже дун, батІи-батІиял халкъазухъе витІарав чапар, гьединаллъун рукІараздехун хитІаб гьабун кІалъалев вуго. Дун дирго чапарлъиялдаса чІухІун вуго! 14Дир хьул буго дирго халкъалъул цо-цо гІадамазул рекІелъ жахІда бижизабизе кІвезеги бегьулин ва гьезда гьоркьоса цо-цоял хвасарлъизеги бегьулин абун. 15Аллагьас гьел рехун тей сабаблъун тІолабго гІалам жиндихъего ахІун батани, Аллагьас гьел цІидасан къабул гьари сабаблъун щибдай лъугьина? Хун рукІарал цІидасан чІаголъила! 16Реччеялъул цо гороги босун, Аллагьасул цІар рехсани, гьебги жубан буцарабщинабги Аллагьасе гІололъун букІуна. ГъотІол кьибил хІалалаб бугони, гІаркьалабиги хІалалал рукІуна.

 

Мажусиял релълъуна гІалхуда бижараб гъотІода

 

17Зайтуналъул гъотІол цо-цо гІаркьалаби къотІун руго. Мун – гІалхул зайтуналъул гъветІ, гьел гІаркьалабазул бакІалда бацІцІараб буго. Ахикь бижараб гьеб зайтуналъул гъотІол кьалбаздасан регьелги цІцІулеб буго дуца. 18КъотІун рехарал гІаркьалабазе чІухІи гьабуге дуца. Сундаса мун чІухІизе кколеб? Дуца гуро кьалбал ккун ругел, кьалбаз мун ккун буго!
19«Гьеб гъотІода дун бацІцІиналъе гІоло къотІун рукІанин гьел гІаркьалаби», – ян абизейищ дуе бокьун бугеб? 20ЛъикІни абуна дуца гьеб! Гьел гІаркьалаби къотІана гьезул божи-иман гьечІолъи сабаблъун. Гьезул бакІалде мун ккана дур божи-иман сабаблъун. ЧІухІдаричІого – Аллагьасукьа хІинкъа! 21Жиндирго гъотІол гІаркьалабазда гурхІичІев Аллагь дуда гурхІилинищ ракІалде кколеб? 22Бихьулищ, Аллагь жив гурхІулевги, жинца кьварараб тамихІ гьабулевги вуго! Къосаразе гьес кьварараб тамихІ гьабула. Дудаги гьев гурхІула гьесул цІобалде хьул лъун мун вугебгІан заманалда. Гурони – къотІун рехула мунги! 23Божи-иманалде чанкІкІун дандечІей гьабичІого тани, жугьутІал цІидасан Аллагьас къабул гьарила. КъотІарал гІаркьалаби цІидасан гъотІода рацІцІинеги хІалкІола Аллагьасда. 24ГІалхул зайтуналъул гъотІодасаги къотІун, ахикь бижараб зайтуналъул гъотІода, тІабигІияб низамги хвезабун, рацІцІарал гІаркьелаллъун нуж ругони, Аллагьасе дагьабги бигьалъула гъотІодаса къотІарал гьелъул жиндирго гІаркьалаби цІидасан гьелда рацІцІине.

 

Исраилил тІолабго халкъги хвасарлъила

 

25Цо балъголъи нужедаса бахчун тезе бокьун гьечІо, вацал, дие. Гьеб балъголъи лъани, гІамал кІодолъун лъугьинаро нуж. Исраилил халкъалъул цо бутІа гьадин чанкІкІун кидаго гуро букІине бугеб, цогидал халкъаздасан рачІине кколезул киналго Аллагьасде руссинегІан хутІила гьел гьедин. 26Гьебмехалда Исраилил тІолабго халкъги хвасарлъила. ТІухьдузда хъван буго: «Цион магІардасан вачІина нуж хвасар гьарулев чи, гьес Якъубил наслуялъул гІадамазул къосинги лъугІизабила. 27Дица гьезие къотІи гьабила гьезул мунагьал чурилилан». 28Нужеда гьоркьоб Рохалил хабар тІибитІизабизе квекІен гьабулеб мехалда, Аллагьасул тушбаби руго гьел. Аллагьас жиндиего гІадамал тІаса рищиялъул рахъ босани, – Аллагьасе хириял чагІи руго гьел. Гьезул умумузулгун Аллагьас къотІи гьабун букІиндалха! 29Жиндица рещтІинабураб баркат Аллагьас нахъе босуларо, жиндихъего ахІараздаса инкарги гьабуларо гьес. 30Цере Аллагьасе мутІигІлъуларого рукІарал нужеда цІоб лъуна, – гьанже гьел мутІигІлъулел гьечІолъи сабаблъун. 31Гьанже гьел мутІигІлъулареллъун лъугьана, – нужеда цІоб лъезе, хадуб гьездаги Аллагьасул цІоб лъезе. 32Гьедин жиндие мутІигІлъунгутІиялъул асирлъуде ккезаруна Аллагьас киналго гІадамал, ахирги гьел киназдаго жиндирго цІоб лъезе.

 

Павелица Аллагьасе рецц гьабулеб буго

 

33Вай, Аллагьасул гІакъиллъиялъулги гІелмуялъулги кІкІалалъул гъварилъи!
Гьесул хІукмуялда нахъгІунтІизе кІоларо!
Гьесул нухазул балъголъи лъазе бажаруларо!
34БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ?
Щив вукІарав Аллагьасул гІакълучилъун?
35Нахъе бецІизелъун лъицаниги киданиги щибниги кьурабищ гьесие?
36Кинабго гьесдасан бачІана, кинабго гьесдалъун буго, кинабго гьесде буссуна!
Абадияб рецц гьесие! Амин.

 

12 бетІер

 

«Гьаб дуниялалъул халкъ хьвадулеб къагІидаялъ хьвадуге нуж»

 

1Аллагь разилъулеб къурбаналъе хъолеб кьегІер хІалалабги бацІцІадабги букІине ккола. Аллагьас цІоб лъедал, дица нужеда гьарулеб буго, диналъул вацал, нужер чурхдулги гьелда релълъун рукІунеб хІалалъ хьвадейилан. ХъвечІониги къурбанлъун ккола Аллагьасе гьабулеб бугеб нужер унго-унгояб хъулухъ. 2Гьаб дуниялалъул халкъ хьвадулеб къагІидаялъ хьвадуге нуж. Биччанте Аллагьас нуж хисизаризе, биччанте нужер гІакълуги цІияб букІине. Гьелдалъун бичІчІила нужеца щиб гьабизе Аллагьасе бокьун бугебали, батІа бахъизе лъала Аллагь разилъулебги, лъикІабги, камилабги.

 

Аллагьас нужер щивасе гьунар кьун буго

 

3Чапарлъиялъул баркат насиблъарав чи вугелъул, нужер щивасда абулеб буго, кколелдаса цІикІкІун кІодо гьаруге нужго нужецаго. ЧІухІдаруге нуж. Аллагьас нужер щивасе кьураб божи-иманалъул роцада рекъон цІодорго гурони рехсоге нужерго цІар. 4Масала, нилъер щивав чиясул буго гІемерал лугбуздасан цолъараб цо черх, щибаб лагаялъулги буго гьелъ гьабизе кколеб иш. 5Гьедин нилъги, гІемерал ругониги, МасихІиде цолъун, цо черхлъун лъугьун руго, гьелъул щибаб лагаялъ цогидал лугбузе кумек гьабула. 6Аллагьас нилъее кьураб батІи-батІияб баркатаб гьунаралда рекъон, щивасул буго жиндирго иш. Аллагьасул амруялъул бицине гьунар бугес гьеб гьабе, жиндир божи-иманалъ насиблъизабураб ресалда рекъон. 7Диналъул вацазе кумек гьабизе гьунар бугес, гьезие кумек гьабе. Дин малъизе гьунар бугес гьеб малъе. 8НасихІат гьабизе гьунар бугес гьебги гьабе. БетІерлъи гьабизе гьунар бугес, хІаракат бахъун, бетІерлъиги гьабе. Садакъа кьолес сахаватго кье гьеб. ЛъикІал ишал гьарулез ракІ разиго гьаре гьел.

 

Павелица хьвадизе кколеб куц малъулеб буго

 

9РакІ-ракІалъго рокьа нуж цоцазе. Квешлъи рикІкІад гьабе, лъикІлъиялда рекІун чІа. 10Цоцазе рокьун, мутІигІлъун, вацал гІадин рукІа. Дудасаго гьев кІодо гьавун, цогидасул адаб-хъатир гьабе. 11Нужер жигарчилъи чучлъизе тоге, Аллагьасе хъулухъ гьабизе рухІанияб хІаракатги загІиплъизе биччаге. 12Хьулалъ ракІ бохизабе. Балагь бачІаниги, къвакІун чІа. Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа. 13Диналъул вацазул хІажат тІубан, нужер бугебги бикьун кье. Гьалбал хирияллъун рукІа. 14Нужее гІазаб-гІакъуба кьолесдаги баркат лъегиян абе. НагІана кьечІого, баркат лъегиян абе! 15Рохун ругезда цадахъ рохунги рукІа, гІодулел ругезда цадахъ нужги гІоде. 16Цоцазда гьоркьор ракІ разияб ракълида рукІа. ЧІухІи гьабуге, гІадатиял гІадамазулгун гьудуллъи гьабичІого тоге. Нужго гІакъилал чагІийилан, гІамал кІодолъун лъугьунге.
17Нужее гьабураб квешлъи бецІун квешлъиги гьабуге. Киназго лъикІабилан рикІкІунеб иш гьабизе хІаракатги бахъе. 18Нужехъа бажарараб къагІидаялъ ракълида рукІа нуж киназдехунго. 19РецІел босизейилан лъугьунге, дир хириял. Аллагьасул ццин бахъине биччанте гьединал гІадамазда. ТІухьдузда хъван буго: «РецІел Дихъ буго, Дица бецІула», – ян. 20Гьелъул гІаксалда: «Дур тушман вакъун вугони, чед кьун кваназаве, гьев къечон вугони, лъим кьун гьекъезаве. Нечезавун гьесул бетІералда тІаде цІа рекІарал тІорччол гІеркъалин дуца ралел ругел». 21Квешлъиялъ нужго къезаризе риччаге, лъикІлъиялъ къезабе квешлъи!

 

13 бетІер

 

«ХІукуматалъе мутІигІлъе»

 

1ХІукуматалъе мутІигІлъе нуж киналго. Аллагьас тІад тараб гурони хІукумат букІунаро. Аллагьасул хІукмуялдалъунин хІукумат гІуцІун бугеб. 2Гьединлъидал хІукуматалде дандечІолев чи ккола Аллагьас гІуцІаралда дандечІолев чи. Гьесие тамихІ гьабула. 3ХІакимзабаздаса хІинкъи букІуна квешго хьвадаразе, – ритІухъго хьвадулезе букІунаро. ХІакимасдаса хІинкъи гьечІого вукІине бокьун бугищ? РитІухъго хьваде, гьес мун веццила. 4Гьев хІакимги ккола дуе лъикІлъи гьабизе Аллагьас тІамурав лагъ. Амма дуца квешлъи гьабулеб бугони, гьесдаса хІинкъа мун, гІадада гурелъул гьес хвалчен борчун бугеб. Аллагьасул лагъ вуго гьев, квешлъи гьабуразе Аллагьасул хІукму тІубазабулев. 5Гьединлъидал мун хІакимзабазе мутІигІлъе, тамихІ гьабилилан хІинкъун гуревги, намус-яхІ цІунунги. 6Нужеца налогалги кьолел руго, жидеда тІадаб ишги тІубазабун, гьел хІакимзабаз Аллагьасе хъулухъ бацІцІад гьабулелъул. 7ХІасил, гьезие кьезе кколебщинаб кье нужеца: налог кьезе кколесе налог кье, магъало кьезе кколесе магъало кье, адаб гьабизе кколесул адаб гьабе, хІурмат гьабизе кколесул хІурмат гьабе.

 

Цоцазе рокьа

 

8Сундулъго цоцазе налъулаллъун рукІунге нуж, цоцазе рокьиялъул налъи буго нужеда тІад. Цогидав чи вокьулес тІуразарула Къануналъул тІолалго амруял. 9Кинаб амру босун халгьабуниги – «ХъахІбалъи гьабуге», «Чи чІваге», «Бикъуге», «Чияр боцІуда бер бахиллъуге» – гьезул магІна цолъула: «Мунго гІадин вокьа дуда аскІов вугевги» абураб цо амруялъулъ. 10АскІов вугесе квешлъи гьабуларо рокьиялъ. Гьединлъидал рокьи ккола Къануналъул амруял тІуразарилъун.

 

«ГІиса тІадвуссун вачІунеб къо гІагарлъулеб буго»

 

11Гьаб заман кинаб бугебалиги бичІчІун хьваде! Макьидаса ригьине мех щвана нужее, доб нужеца иман лъураб заманалдасаги цІикІкІун гІагарлъун буго гьанже хвасарлъи! 12Сордо рогьунеб буго, рогьел гІагарлъулеб буго. РачІа бецІал ишал рехун тезин, нуралъул ярагъ борчинин! 13Бакъул канлъухъе гьабизе рекъараб гІумруялде рачІинин – гьекъелги мехтелги гьечІеб, хъахІбалъиги пасалъиги гьечІеб, дагІба-рагІиги жахІда-хІусудги гьечІеб – гІумру гьабизин. 14Биччанте ТІадегІанав ГІиса МасихІ нилъее чадирлъун вукІине. Мунагьаб напсалъе бокьараб гьабилин ракІалдецин ккезе биччаге.

 

14 бетІер

 

Божи-иман загІипав чиясда гІайиб чІваге

 

1Божи-иман загІипав чи нужехъего ваче, гьесул пикрабазухъ балагьун дагІбадизе-къацандизе лъугьунге. 2Масала, цоясул божи-иманалъ гьесие изну кьола бокьа-бокьараб квен кваназе. Амма цогидав божи-иман загІипав чияс гьан кваналаро. 3Бокьараб квен кваналес хІакъир гьавизе бегьуларо гьеб кваналарев чи. Бокьараб квен кваналарес гьеб кваналесда гІайиб чІвазеги бегьуларо, – гьевги Аллагьас къабул гьавунлъидал вугев. 4Дур ихтияр щиб чияр лагъасда гІайиб чІвазе? Квеш хьваданиги, лъикІ хьваданиги, бетІергьанас тІубала гьесул иш. ХІакълъунго лъикІ хьвадила гьев. БетІергьанасда хІалкІолелъул гьев лъикІ хьвадизавизе.
5Цояс рикІкІуна пуланаб къо цогидаздаса хирияб бугилан. Цогидасе киналго къоязул батІалъи гьечІо. Виччанте щивав чи жиндир гІакълу нахъгІунтІараб къагІидаялъ хьвадизе. 6Пуланаб къо хирияб бугилан рикІкІунес гьеб гьабула ТІадегІанасе гІоло. Гьан кваналесги гьеб кванала ТІадегІанасе гІоло, кванан вахъараб мехалъ гьесие рецц гьабулелъул. Гьан кваналаресги гьеб кваналаро ТІадегІанасе гІоло – гьесги Аллагьасе рецц гьабулелъул.
7Нилъеда гьоркьов цониги чи гьечІо цохІо жиндиего гІоло гІумру гьабулев, нилъеда гьоркьоса цониги чи цохІо жиндиего гІоло хвезеги холаро. 8Нилъ чІаго ругеб заманаялъ, нилъ рукІуна ТІадегІанасе гІоло гІумру гьабулел. Хвезеги нилъ ТІадегІанасе гІоло хола. ЧІаго ругониги, хун ругониги – ТІадегІанасул халкъ буго нилъ. 9Щайин абуни, МасихІ хвана ва чІаголъана хваразулги чІагоязулги ТІадегІанавлъун лъугьине.
10Щай дуца дурго диналъул вацазда гІайиб чІвалеб? Яги щай дуца гьел хІакъир гьарулел? Нилъее киназего суд Аллагьасин гьабизе бугеб. 11ТІухьдузда хъван буго: «Дун чІаго вукІин хІакъаб бугеб гІадин, щибаб наслуялъ дие сужда гьабизе букІинги, щибаб мацІалда Аллагьасе рецц гьабизе букІинги хІакъаб бугилан гьедулев вуго БетІергьан». 12Нилъер щивав чияс жинцаго кьела Аллагьасда цебе жаваб. 13Гьединлъидал, рачІа нилъеца цоцазда гІайиб чІваларин. Бищунго лъикІаб букІина диналъул вац къосинавулеб яги гьев мунагьалъукье кколеб иш гьабичІого тани. 14ТІадегІанав ГІисагун цолъарав чи вугелъул, дир тІубанго ракІчІола цониги нигІмат жибго жиндасанго хІарамлъулареблъиялда. Инсанас жинцаго хІарамаблъун рикІкІунеб нигІмат гьесие хІарамаблъун лъугьуна. 15Амма дуе хІалалаб нигІмат сабаблъун дуца дурго диналъул вац къварид гьавулев вугони, гьесдехун рокьи гьечІолъи бихьула гьелдасан. Кваналеб нигІмат сабаблъун хвезавуге жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дурго диналъул вац.
16Нужеца лъикІалилан рикІкІунел ишазул хІакъалъулъ квешаб хабар тІибитІизе биччаге. 17Нужеца кваналелда яги гьекъолелда бараб гьечІо Аллагьасул ПарччахІлъи. Гьеб ккола Илагьияб РухІалъ насиблъизабулеб ритІухълъиги, саламалъиги, рохелги. 18Гьедин МасихІие хъулухъ гьабулевщинав чиясдаса Аллагь разилъула, гІадамаз гьесул хІурматги гьабула.
19Гьединлъидал, рачІа нилъеца хІаракат бахъизин нилъеда гьоркьоб рекъелги щулалъулел, цоцазе квербакъиги камиллъулел ишал гьаризе. 20Кванил нигІмат сабаблъун Аллагьасе бокьухъе гІуцІараб иш гІадада хвезабуге. Кинабгоги нигІмат хІалалаб буго. Амма цо кинабалиго нигІмат кваналеб бугин гьесилан дуца инсан къосинавизе бегьуларо. 21Диналъул вац къосинавизегІан, гьан кваначІого, чагъир гьекъечІого чІей лъикІ. 22Гьелъул рахъалъ дурго пикру дуего те, дудаги Аллагьасдаги лъазе биччанте гьеб.
Гьардарав гурищ, жиндирго пикруялда рекъон хьвадун, жиндаго гІайиб чІваларев чи. 23Пуланаб нигІмат жиндие хІарамаб батилилан щаклъи ккун хадуб, гьеб кванарав чиясе тамихІ гьабула, – жиндирго божи-иманалда рекъон хьвадулев гьечІелъул. Божи-иман жиндир аслу-кьучІлъун гьечІебщинаб жо мунагь ккола.

 

15 бетІер

 

МасихІидаса мисал босе

 

1Диналъулъ щулалъун ругел нилъеца, нилъеего пайдаялъе хІалтІичІого, загІипазе кумек гьабизе ккола, гьезие бакІлъараб гьир баччизе. 2Нилъер щивав чиясда тІадаб буго аскІов вугесул божи-иман щулалъулеб пайдаяб иш гьабизе. 3МасихІиеги бокьулароан жиндиего пайда. ГІадада гуро ТІухьдузда хъван бугеб: «Мун хІакъир гьавуразул хІакъирал рагІабаз хІакъир гьавулев вуго дун». 4ТІухьдузда бугебщинаб хъван буго, гьездасан нилъее къвакІиги сабруги хІалае ккун, рекІелъ хьул цІунизе. 5КъвакІиги сабруги нилъее кьолев Аллагьас тІубанго рагІи данде ккезабеги нужер, МасихІ ГІисада нахърилълъун, 6нужеца киназго, цо кІалдисан кІалъарал гІадин, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц гьабизе.
7МасихІица нужее лъикІлъи гьабураб гІадин, нужецаги цоцазе лъикІлъи гьабе, Аллагьасе гьабулеб рецц гьелдалъун цІикІкІине. 8ЖугьутІазе хъулухъалъе чІана МасихІ, Аллагьас жиндирго рагІи кколеблъиги ва гьезул умумузе гьабураб къотІи гьес хвезабулареблъиги гьезда бихьизабизе гІоло. 9Гьединго жидеда цІоб лъуралъухъ цогидал халкъазги Аллагьасе рецц гьабизе гІологи. Гьелъул хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго: «Цогидал халкъазухъе ун, дица дуе рецц гьабила, дур цІар рехсон, туркабиги ахІила», – ян. 10Цоги хъван буго: «Цогидал халкъал, нужги роха Аллагьасул халкъалда цадахъ!» – ан. 11Цоги: «Ле, киналго халкъал, БетІергьанасе рецц гьабе! Биччанте киналго къавмаз гьесие рецц гьабизе!» 12Ишая аварагасги абулеб буго: «Иешайил кьибилалдасан кІанцІараб цо чІор, гьесул наслуялъул чи вачІина халкъазего ханлъи гьабизе, гьесде букІина гьезул хьул», – ан
13Нужее гьединаб хьул насиблъизабурав Аллагьасда нуж божулел ругелъул, гьес нужеде рохелги рекъелги рещтІинабеги. Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун нужер хьулги цІикІкІаги.

 

Кагъат хъваялъе гІилла

 

14Дир тІубанго ракІчІун буго, вацал, нужелъ лъикІлъи цІикІкІун бугеблъиялда, кинабгоги нужедаго лъалеб букІиналда, цоцазе насихІат гьабизе гьунарги нужелъ букІиналда. 15Амма гьедин букІаниги, щибго бахчичІого, гьаб кагъат хъвалеб буго, цо-цо жал нужеда ракІалде щвезаризе бокьидал. Аллагьас дида тІадкъан бугелъулха 16цогидал халкъазда гьоркьов ГІиса МасихІие хъулухъ гьабулев чилъун вукІайилан. Аллагьасе хъулухъ гьабун ва Рохалил хабар тІибитІизабун Илагьияб РухІалъ бацІцІад гьабураб ва гьев разияб къурбан гІадин, цогидал халкъал Аллагьасухъе рачине тІадкъан буго дида.
17Гьединлъидал, ГІиса МасихІиде цолъарав дун чІухІизе бегьула Аллагьасе гІоло дицаго гьарурал ишаздаса. 18Гьедин абизе хІинкъуларо, дун гьоркьов ккун, МасихІица гьабуралъул хІакъалъулълъидал дица бицунеб бугеб. Гьес гьеб гьабуна мажусиялги Аллагьасе мутІигІлъизе гІоло, гьабуна рагІудалъунги ишаздалъунги, 19гьабуна кутакал гІаламатазулги мугІжизатазулги къуваталдалъун, Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун. Иерусалималдаса бахъараб Иллирикалде щвезегІан тІибитІизабуна дица МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар. 20Дица кидаго хІаракат бахъулаан, МасихІил цІар жеги рехсолебцин рагІичІеб бакІалде ун, гьеб Рохалил хабар гьездаги лъазабизе. Цогидаз кьучІ тІамураб мина базе бокьун букІинчІо дие. 21ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Гьесул хІакъалъулъ жеги бицинчІезда вихьила, гьесул хІакъалъулъ рагІичІезда вичІчІила», – ян.

 

Павелида ракІалда буго Рималде ине

 

22Гьеле гьединлъидалин, къватІиве вахъине чанцІулго къачІан вукІаниги, гьанжелъизегІан нужехъе вачІинчІого хутІарав. 23Гьаб ракьалда гьанже дун хІалтІизе кколеб бакІ хутІун гьечІелъул ва гІемерал соназ нужехъ гІащикълъунги вугелъул, 24дида ракІалда буго, Испаниялде унаго нужехъе вачІине. Гьениве унаго нухдасан нужехъе щвезе, ва дагьаб мехгІаги нужеда аскІоб бан, чІалгІен буссине бокьун буго. Цоги, дир хьул буго гьеб сапаралъ вахъине ккани дие хІажалъулеб жоялдалъун нужеца кумек гьабилиланги. 25Гьанже дун Иерусалималде инехъин вуго, гьениб Аллагьасул халкъалъе хъулухъ гьабизе. 26Иналъе гІиллаги бицинин: Македониялъулги Ахаялъулги иман лъураз хІукму гьабун буго Иерусалималда ругел мискинал диналъул вацазе кумек гьабизе. 27Гьебни лъикІаб хІукму буго, амма хІакъикъаталдаги дозие налъукь руго гьал. ЖугьутІаз гьазие илагьиял ишазулъ квербакъидал, цогидал халкъаздасан ругел вацазги дуниялалъул ишазулъ дозие квербакъизе ккеларищ?
28Гьеб къваригІелги тІубан, дозие бакІарараб садакъадул гІарац дицаго гьенибе щвезабураб мехалъ, гьенисан Испаниялде ина ва нухдасан нужехъе щвезеги вачІина. 29Дун нужехъе вачІараб мехалда, дидалъун МасихІица нужее баркат гьарзалъизабилеблъи лъала дида.
30Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІие гІоло ва РухІалъ кьолеб рокьуе гІоло гьарулеб буго дица нужеда, дунги рехсон, нужецаги Аллагьасе тІадчІун гьари-дугІа гьабеян. 31Нужеца гьаре Ягьудиялда ругел иман лъечІезул заралалдаса дун цІунеян ва дица доба гьабизехъин бугеб иш Иерусалималда бугеб Аллагьасул халкъалъ лъикІго къабул гьабегиян. 32Аллагьас хъван батани, дун нужехъе вачІина. Гьелдаса цІакъ вохила, рекІее хІалхьи лъугьина. 33Аллагьасул салам лъеги нужеда киназдаго.
Амин.

 

16 бетІер

 

Павелица салам битІулеб буго

 

1Дица, божилъи гьабун, нужехъе йитІулей йиго Кенхреялда бугеб иман лъуразул агьлуялъе хъулухъ гьабулей гІадан, нилъерго диналъул яц Феба. 2ТІадегІанасе гІоло нужеца гьелда дандчІвай гьабе Аллагьасул халкъалда рекъолеб къагІидаялъ. Гьелъие къваригІараб-таралъул рахъалъ кумекги гьабе. ГІемерал гІадамазеги диеги кумек гьабурай гІадан йиго гьей.
3Салам буго дида цадахъ МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулел ругел Прискилладеги Аквиладеги. 4Дун сабаблъун хвел тІаде босизегицин разилъун хІалтІана гьел. Цо дица гуребги, цогидал халкъазда гьоркьоса ругел иман лъуразул тІолабго агьлуялъги баркала кьола гьезие. 5Гьезул рокъоб данделъулеб иман лъуразул агьлуялдаги бице дир салам. Асиялда тІоцебе МасихІиде иман лъурав, дие хирияв Эпенетидеги буго дир салам. 6ГІемерго цІакъ нужее пайдаялъе хІалтІарай Марямидеги салам.
7Дида цадахъ туснахъалъур рукІарал дирго халкъалъул гІадамазде – Андроникидеги Юниядеги буго дир салам. Чапарзабазда гьоркьор машгьурал ва дидасаги цере МасихІиде иман лъурал чагІи руго гьел. 8ТІадегІанас дун жиндехун вухьинавурав Амплиатидеги салам. 9Дида цадахъ МасихІие хъулухъ гьабулев вугев Урбаниде ва дие хирияв Стахисиде салам. 10МасихІида божиялъулъ хІалбихьарав Апеллесидеги салам. Аристобулил рукъалъул агьлуялдеги салам. 11Дир халкъалъул чи Гьеродионидеги салам. Наркисил рукъалъул агьлуялда гьоркьоса иман лъураздеги салам. 12ТІадегІанасе гІоло хІалтІарал Трифенадеги Трифосадеги салам. ТІадегІанасе гІоло цІикІкІун хІалтІарай, дие хирияй Персидадеги салам. 13ТІадегІанас тІаса вищарав Руфусиде ва диеги эбеллъун лъугьарай гьесул эбелалде салам. 14Асинкритиде, Флегониде, Гьермесиде, Патробасиде, Гьермасиде ва цогидалги гьезда цадахъ ругел вацаздеги буго дир салам. 15Филологиде ва Юлияде, Нерейиде ва гьесул яцалде, Олимпасиде ва цогидалги гьезда цадахъ ругел Аллагьасул халкъалъул гІадамаздеги буго дир салам. 16Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе. МасихІиде иман лъуразул киналго жамагІатазул рахъалдасанги буго нужеде салам.
17Нужеда гьоркьоб рагІи дандеккунгутІи бижизабулел, нужее насиблъараб божи-иманалда дандечІолел ва нужеда малъарабщиналъе квекІенги гьабулел гІадамаздаса цІунеян гьарулеб буго, вацал, дица нужеда. Нуж гьездаса рикІкІад чІа. 18Нилъер ТІадегІанав МасихІие гуребха гьез хъулухъ гьабулеб, жидерго квешал къасдазейин. Бадибе рецц гьабун ва бахьинго кІалъан гуккула гьез жагьилзаби. 19Киназдаго лъала Рохалил хабаралъе нуж ритІухъал рукІин. Дунги гьелдаса вохун вуго. ЛъикІлъи гьабиялъулъ гІакъилзабилъунги, квешлъи гьабиялъулъ жагьилзабилъунги рукІине бокьун буго дие нуж. 20Нужеде сах-саламалъи рещтІинабулев Аллагьас кватІичІого нужер хІатІикь тІамила илбис. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІоб лъеги нужеда.
21Нужеде салам буго дир кумекчи Тимофейил, дир халкъалъул гІадамаллъун ругел Лукийил, Ясонил ва Сосипатрил. 22Гьаб кагъат жиндир квералъ хъварав Тертийилги буго нужеде ТІадегІанасул цІар рехсараб салам.
23-24Жиндир рокъоре иман лъуразул агьлу данделъулев, гьобол хирияв дир хважаин Гайилги буго нужеде салам. Шагьаралъул хазина цІунулев чи Эрастилги буго салам. Нижер вац Квартилги буго салам.

 

Кагътил ахиралда гьари-дугІа

 

25Нужер божи-иман щулалъизабулев Аллагьасе рецц. Гьеб божи-иманалъул хІакъалъулъин Рохалил хабаралъ бицунеб бугеб. Чанго гІасруялъ балъгояблъун букІарабги загьир гьабун, ГІиса МасихІил хІакъалъулъ бицунеб буго дицаги. 26Аварагзабазул ТІухьдуздасан загьирлъана гьанже гьеб балъголъи. Абадияв-даимав Аллагьасе бокьана киналго халкъазда гьеб лъазе ва мутІигІлъун гьез иман лъезе. 27ГІиса МасихІги рехсон, рецц гьабилин нилъеца гІелму-гІакълу камилав цо вугев Аллагьасе! Амин.

 

 

Коринфиязухъе тІоцебесеб кагъат

Коринфиязухъе Павелил тІоцебесеб кагъат

 

«Коринфиязухъе Павелил тІоцебесеб кагъат» хъван буго нилъер эраялъул І гІасруялъул 50-абилел соназул ахиралда. Кагътида Павел чапарас бицунеб буго греказул Ахая улкаялъул тахшагьарлъун кколеб Коринфалда жинцаго гІуцІараб иман лъуразул жамагІаталда дандчІвалел ругел захІмалъабазул хІакъалъулъ. Гьесул рахІат хвезабулел буго иман лъуразда гьоркьоб рикьи ккеялъ ва гьел Аллагьасул амруязда рекъон хьвадулел гьечІолъиялъ. Кагътил машгьураб бутІалъун лъугьун буго Павелица рокьиялъе рецц гьабулеб 13 бетІер.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1ГІиса МасихІил тІаса вищарав чапарлъун вукІине Аллагьасе жив бокьарав Павелил ва диналъул вац Сосфенил рахъалдасан 2Коринфалда ругел иман лъуразул агьлуялде – ГІиса МасихІидалъун рацІцІалъаразде, жиндирго халкълъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразде, цинги киса-кибего нилъерги гьезулги ТІадегІанав ГІиса МасихІие тІагІат-гІибадат гьабулелщиназдеги. 3Нилъер Эмен – Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги цІоб ва салам лъеги нужеда.

 

Аллагьасе рецц!

 

4МасихІ ГІисадалъун гьес нужеде баркат рещтІинабуралъухъ дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула. 5Гьесдалъун Аллагьас нужер кинабго каламги бечелъизабуна, кинабго гІакъиллъиги цІикІкІинабуна, 6МасихІил хІакъалъулъ нижер нугІлъиги ритІухъ гьабуна. 7ГІиса МасихІ вачІинегІан ралагьун чІун ругел нужелъ камураб гьунар хутІун гьечІо гьанже. 8Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ рещтІараб къоялъ нуж рацІцІадго хутІизе гьесин ахиралде щвезегІан нужер ракІкъвакІизабилеб. 9Жиндирго Васгун – нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІгун – цолъизе нуж тІаса рищарав Аллагь ритІухъав вуго.

 

Иман лъуразда гьоркьоб рикьи ккун буго

 

10Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІар бахъун гьарула, вацал, дица нужеда, нуж киналго цоцалъ рекъа-решон рукІайилан. Рикьи ккезе биччаге – нужер пикруги гІакълуги цойиде буссинабе!
11Хлоял рукъалъул агьлуялдасан дида рагІун бугелъулха, вацал, нужеда гьоркьоб рикьи ккун бугилан. 12«Дун Павелил рахъ ккуравилан», «дун Аполлосил рахъ ккуравилан», «дун Кефал рахъ ккуравилан», «дун МасихІил рахъ ккуравилан» – щивас батІа-батІаго абулеб рагІула нужеца. 13МасихІ викь-викьунищха вугев?! Павелищха нужее гІоло хъанчида ван хвезавурав? Павелиде иман лъезейищха нуж лъадалъ ччун рахъарал? 14Аллагьасе рецц буго, Криспги Гайги хутІизегІан, нужер цогидал дица лъадалъ ччун рахъичІелъул. 15Диде иман лъезелъун дица лъадалъ ччун рахъанилан лъицаниги абиларо. 16(Стефанасги гьесул рукъалъул агьлуги лъадалъ ччун рахъана дица, цоги щал лъадалъ ччун рахъаралали ракІалда гьечІо.) 17ГІадамал лъадалъ ччун рахъизе витІичІо дун МасихІица. Рохалил хабар бицине витІана.

 

Аллагьасдасан бугеб «гІантлъи» гІадамазул гІакъиллъиялдаса къуватаб буго

 

ГІакъилал ва пасихІал рагІабаздалъун бицунеб гьечІо дица гьеб Рохалил хабар, – МасихІ хъанчида ван хвей гІадада ккелаан гьебмехалъ.
18Хвалде унезни чІобогояб чІандалъун рикІкІуна хъанчида ван хварасул хІакъалъулъ хабар. Нилъее – хвасарлъулезе – гьеб буго Аллагьасул къудрат. 19ТІухьдузда хъван бугелъул:
«ГІакъилазул гІакъиллъиги къинабилеб Дица,
ЦІодоразул цІодорлъиги яризабилеб Дица».
20Кив вугев дов гІакъил? Кив вугев дов гІалим? Кив вугев гьаб гІасруялъул дагІбачи-къацандухъан? Гьаб дуниялалъул гІакъиллъи гІантаб жо букІин загьир гьабичІищ Аллагьас? 21Аллагьас жиндирго гІакъиллъиялдалъун гІаламалъе хІукму къотІана, дуниялалъул гІакъиллъиялдалъун гІаламалда Жив лъазе виччаларилан. Гьесие бокьана иман лъурал гІадамал Рохалил хабаралъул «гІантлъиялдалъун» хвасар гьаризе. 22ЖугьутІаз мугІжизат-гІаламат тІалаб гьабулеб буго, греказги гІакъиллъи-гІалимлъи балагьулеб буго. 23Нилъецайин абуни гІаламалда лъазабулеб буго хъанчида ван хвезавурав МасихІил хІакъалъулъ хабар. ЖугьутІазе гьеб буго гІасилъи, греказеги гьеб чІанда буго! 24Аллагьас тІаса рищаразе – жугьутІазеги греказеги – гьеб буго МасихІидалъун загьирлъараб Аллагьасул къудратги Аллагьасул гІакъиллъиги! 25Аллагьасдасан бугеб «гІантлъиги» гІадамазулалдаса гІакъилабин, Аллагьасдасан бугеб «загІиплъиги» гІадамазулалдаса къуватабин!
26Аллагьас нуж жиндихъего ахІараб мехалъ нужго рукІараб куц ракІалде щвезабе. ГІакъилалин рикІкІунел гІадамал гІемерищ нужеда гъорлъ рукІарал? ГІемерищ рукІарал къадру-къимат бугелги къо-асс бугелги? 27ГІакъилал инжитго къезаризейин Аллагьас гІаламалда гІантабилан кколеб жо тІаса бищараб. Къуватал инжитго къезаризейин гьес гІаламалда загІипабилан кколеб жо тІаса бищараб. 28Къадру гьечІебги ярагьунаребги, ай гьезего гьечІилан рикІкІунебаб тІаса бищана Аллагьас, гьаб гІаламалъ гІадахъ босун бугеб жо гьезего гьечІеблъун лъугьинабизе. 29Гьединлъидал Аллагьасда цеве веццаруге щивниги.
30Аллагьасин нуж нилъее гІакъиллъилъун лъугьарав МасихІ ГІисагун цолъизарурал. МасихІица нилъ ритІухълъизаруна, рацІцІалъизаруна, тархъанлъизаруна. 31Гьединлъидал, ТІухьдузда хъван бугеб куцалъ: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!»

 

2 бетІер

 

Аллагьасул балъгояб гІакъиллъи

 

1Доб мехалда дун нужехъе вачІиндал, Аллагьасул хІакъалъулъ Хабар лъазабулаго, дилъ букІинчІо кІалзул пасихІлъиги кІудияб гІакъиллъиги. 2Нужеда гьоркьов вугеб заманалда дица хІукму гьабун букІиндалха, ГІиса МасихІ (хасго гьев хъанчида ван хвей) хутІун, цогидабщинаб рехун телилан. 3Дун нужеда аскІов вукІана загІипгоги ва хІинкъун сородулевги. 4Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар – гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, – 5нужелъ гьеб божи-иман, инсанасул гІакъиллъиялдалъун гуреб, Аллагьасул къудраталдалъун лъугьине.
6Саламатал гІадамазени гІакъилаблъун букІуна нижеца бицараб хабар. Амма гьеб хабар гьаб дуниялалъулаб гІакъиллъи гуро, гьаб дуниялалъул кверщелчагІазул (кверщел жидехъа унезул) гІакъиллъиги гуро. 7Нижеца бицунеб буго Аллагьасулаб балъгояб гІакъиллъиялъул. Аллагьас бахчун тараб гьеб гІакъиллъи нилъер цІар-реццалъейин дуниял бижилелдего къачІан букІараб. 8Гьаб дуниялалъул цониги кверщелчиясда бичІчІичІо гьеб. БичІчІун букІарабани, цІар-реццалъул бетІергьан хъанчида валароан гьез.
9ТІухьдуздаги хъван бугелъулха:
«Лъилниги бералда бихьичІебги,
лъилниги гІиналда рагІичІебги,
лъилниги гІакълу нахъгІунтІичІебги
къачІан буго Аллагьас жив вокьулезе».
10Нилъеени Аллагьас жиндирго РухІалдалъун загьир гьабуна гьеб. РухІ сундулъего лъугьуна – Аллагьас цІакъго бахчун таралда гъорлъегицин лъугьуна. 11Гьесулъ жиндилъго бугеб рухІалда гурони, цоги чиясда лъалебищ инсанасул рекІелъ ругел пикраби? Гьедин Аллагьасул пикрабиги, гьесул РухІалда гурони, лъалищха. 12Нилъее щвараб РухІ дуниялалъулаб гуро, Аллагьас нилъее кьурал нигІматал нилъеда ричІчІизе гьесдасан бачІараб буго. 13Нилъеца гьелъул хІакъалъулъ инсанасулаб гІакъиллъиялъ малъарал рагІабаздалъун гуро бицунеб, РухІалъ малъарал рагІабаздалъун бицуна. Илагьияб РухІалъ цІуразда бичІчІизабула нилъеца РухІалда хурхарабщинаб. 14Жиндилъе РухІ рещтІинчІев инсанас къабул гьабуларо Илагьияб РухІалдасан бугебаб. Гьесие гьеб гІантаб жолъун кколелъулха. Гьесда гьеб бичІчІизего бичІчІуларо, РухІалдалъун гурони бичІчІизе рес гьечІелъул. 15Илагьияб РухІалъ цІурав чиясда кІола бокьараб жоялъул хІакъикъат лъазе, амма лъиданиги кІоларо Илагьияб РухІалъ цІурав чиясул хІакъикъат лъазе. 16ТІухьдузда хъван бугелъулха:
«БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ?
Гьесие гІакълу кьезе лъида кІолеб?»
Нилъелъин абуни МасихІил гІакъиллъи буго.

 

3 бетІер

 

Аллагьасе хъулухъ гьабулел чагІи

 

1Амма нужедехунни, вацал, дун Илагьияб РухІалъ цІурал гІадамаздехун гІадин кІалъачІо, кІалъана напсалъ малъараб гьабулездехун гІадин ва МасихІиде цолъараб гІумру лъималазда кинигин гурони бичІчІуларездехун гІадин. 2Кваназе квен гуро дица нужее кьураб, гьекъезе рахь кьуна. Кваназе гІун рукІинчІо нуж добмехалъ, – гьанжегицин гІун гьечІо нуж! 3ГьанжелъагІанги напсалъ малъараб гьабулеб бугелъулха нужеца. Нужеда гьоркьоб жахІда-хІусудги дагІба-рагІиги бугеб мехалъ, напсалъе мутІигІлъи гурищ гьеб кколеб, гьаб дуниялалъул гІадамал гІадин хьвадулел рукІинги гурищ кколеб? 4Цояс «дун Павелил рахъ ккурав вугилан», цогидасги «дун Аполлосил рахъ ккурав вугилан» абулеб бугони, гьаб дуниялалъул гІадамаллъун ккеларищ нуж? 5Гьаха, щив кколев Аполлос? Павелги щив кколев? Гьел руго нуж иманалде рачарал ва хъулухъалъе тІамурал гІадатиял чагІи. БетІергьанас тІадкъараб хІалтІи гьабулеб буго гьезул щивас. 6Дица мугь чІана, Аполлосица лъалъана, амма бижизе Аллагьас гьабуна. 7Мугь чІолевги – рикІкІунаро, лъалъалевги – рикІкІунаро. Бижизабулев – Аллагь вуго! 8Мугь чІолесдаги лъалъалесдаги гьоркьоб батІалъи гьечІо. Жидеца гьабуралда рекъараб мухь щвела гьезул щивасе. 9Ниж кІиялго руго Аллагьасул хІалтІухъаби, нуж руго Аллагьасул хур, Аллагьасул мина.
10Аллагьас дие кьураб баркатаб гьунаралда рекъон, махщел бугев устарас гІадин, дица кьучІ лъуна. Цогидаз гьелда тІад мина балеб буго. Щивас хал гьабизе биччанте кин жинца балеб бугебали. 11Цебего лъун бугелдаса батІияб кьучІ лъезе лъиданиги кІоларо. ЦохІо бугеб гьеб кьучІги ГІиса МасихІ ккола. 12Амма гьеб кьучІалда тІад мина меседил, гІарцул, жавгьар-якъуталъул, яги цІулал, бакъвараб харил, муцІидул баниги, 13щивас гьабураб хІалтІи къиямасеб къоялъ бихьила. Гьеб къоялъ цІаялъ хІалбихьулелъулха щивас кинаб хІалтІи гьабун бугебали. 14Гьеб кьучІалда тІад бараб минаялда доб цІа хІехьезе кІвани, устарасе кири щвела. 15ЦІаялъ гьеб бухІани, зарал ккела. Хвасарлъизени гьев хвасарлъила, амма цІадулъа вахъарав чи гІадин вукІина. 16Нужеда лъаларебищ нуж Аллагьасул мукъадасаб рукъ ругеблъиги нужелъ Аллагьасул РухІ бугеблъиги? 17Аллагьасул мукъадасаб рукъ щущазабурав чи Аллагьасги тІагІинавила. Нуж ккола Аллагьасул гьеб мукъадасаб рукълъун.
18Лъицаниги живго гуккуге абе! Нужеда гьоркьоса лъиданиги ракІалде кколеб батани гьаб дуниялалда жив гІакъилав вугилан, хІакълъунго гІакъилав вукІине бокьани, гьев гІантлъеян абе. 19Гьаб дуниялалъул гІакъиллъи Аллагьасда цебе гІантлъилъун кколелъулха. ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гІакъилзаби жидерго сихІирлъиялъул гьиналъ ккола». 20Цоги бакІалда хъван буго: «БетІергьанасда лъала гІакъилазул пикрабаз пайда гьабулареблъи». 21Гьединлъидал, гІадамазул рахъги ккун, живго веццизе лъугьунге щивниги. Кинабго нужерлъидалха: 22Павелги, Аполлосги, Кефаги, дуниялги, гІумруги, хвелги, гьанжесебги, букІинесебги – кинабго нужер буго. 23Нуж МасихІил руго, МасихІги Аллагьасул вуго!

 

4 бетІер

 

МасихІил чапарзаби

 

1МасихІие хъулухъалъе чІарал чагІилъун рикІкІине ккола нужеца ниж. Нижее амру гьабун бугелъулха Аллагьасул балъголъи гІадамазе загьирлъизабеян. 2Хъулухъалъе чІарав чи цохІо жиндирго бетІергьанасе ритІухъав вукІине ккола. 3Дирго хІакъалъулъ абуни, дие махІги ургъел гьечІо нужеца яги гІадамазул кинаб букІаниги судалъ дие хІукму къотІиялъул. Дицагоги къотІуларо диего хІукму. 4Дида гІайиб гьечІеблъи лъала дида. Амма гьелдалъун гуро дун ритІухълъулев. ТІадегІанасин дие хІукму къотІизе бугеб. 5ТІадегІанав вачІинегІан лъицаниги лъиениги хІукму къотІуге. Гьес канлъуде босила бецІлъукь бугебщинаб, рекІелъ ругел къасдалгицин тІатинарила. Гьеле гьебмехалда Аллагьасдасан щивав чиясе щвела жиндирго кири.
6Нужее лъикІлъиялъе дица гьеб кинабго бихьизабуна, вацал, нужеда, Аполлосилги диргоги мисалги бачун, «хъвараб гурони лъугьунарилан» абурал рагІабазул магІна нужедаги бичІчІизе ва, лъикІалги тІокІалги ругилан, цоцазда цере чІухІдарунгутІизе.
7ХІакъикъаталдаги сундалъун нуж цогидаздаса тІокІал ругел? Аллагьасдасан щвараб гуреб жо щиб нужелъ бугеб? Нужее гьеб нигІматлъун кьунги бугеб мехалъ, цебего нужехъ гьеб букІараб гІадин, гІамал кІодолъун щай нуж лъугьунел?
8Гьайгьай, гьанже нуж гІорцІун руго! Гьанже нуж бечелъун руго! Ниж гьечІониги, гьанже парччахІзабилъун лъугьун руго нуж. Дие бокьилаан унго-унголъунги нуж парччахІзабилъун лъугьунелани, нужеда цадахъ нижецаги парччахІлъи гьабизе. 9Амма дида ракІалде ккола Аллагьас ниж – чапарзаби, халкъалда цере чІвазе къотІарал чагІи гІадин, бищун ахиралда чІезарун ругилан. ТІолабго махлукъаталъе – малаикзабазеги гІадамазеги ниж лъугьана байрамалда халкъалъе кепалъе рагъулезда релълъарал чагІилъун. 10МасихІие гІоло ниж гІабдалзабилъун рикІкІунел руго, МасихІиде цолъарал нуж гІакъилзаби руго. Ниж загІипал руго, нуж къуватал руго. Нужер хІурмат гьабула, ниж хІакъир гьарула. 11Жакъа къоялде щвезегІанги ракъунги къечонги руго ниж. Нижер ретІелги хохораб буго, ниж рухулел-кьабулелги руго, мина-руссенги нижер гьечІо. 12ЗахІмат бихьун гурони хинкІ-чедги щолеб гьечІо нижее. Ниж хІакъир гьарула – нижеца баркат лъегиян абула, нижее гІазаб кьола – нижеца хІехьола. 13Нижедасан мацІ гьабула – нижеца лъикІаб бицуна. Ниж гьаб дуниялалъе хІур-кІучлъун хутІун руго, гьаб гІаламалъеги чІахІ-къуллъун хутІун руго.
14Нуж инжит гьаризе гуро, вацал, дица гьаб кинабго хъвалеб бугеб. Дирго хириял лъималазе гІадин, гІакълу кьолеб буго дица нужее. 15МасихІил дарсал малъулев азарго мугІалим нужер вугониги, эмен нужер цо гурони гьечІелъул. Дун нужее эменлъун лъугьана, Рохалил хабаралдалъун дица нуж МасихІиде цолъизаруна.
16Гьединлъидалин дида релълъун хьвадейилан гьарулеб бугеб дица нужеда. 17МасихІил нухдасан дун хьвадулев вугеб куц нужеда ракІалде щвезабизе гьале нужехъе витІулев вуго ТІадегІанасе ритІухъав ва дие хирияв васлъун лъугьарав Тимофей. Гьеб нухдасан хьвадейилан дица малъула киса-кибго киналго иман лъуразул агьлуялда.
18Нужеда гьоркьор руго нич гьечІел гІадамалги. Гьезда ракІалде кколеб батила дун тІокІав гьениве вачІинарилан. 19Амма, ТІадегІанасе бокьани, кватІичІого нужехъе вачІина дун. Гьел нич гьечІезул хабар-гаргар букІин гуреб, къуват-гучги бугищали лъала дида гьебмехалда. 20Аллагьасул ПарччахІлъи хабар-гаргаралъулъ гуро бугеб, къуват-гучалъулъин. 21Щиб нужее бокьилеб? Дун цІалги босун вачІинейищ, яги нужеде бугеб рокьиялъул цІураб хІеренаб рагІигун вачІинейищ?

 

5 бетІер

 

Иман лъуразул агьлуялда жаниб ккараб пасатаб иш

 

1Цинги, дида бицана нужер гьениб мажусиязулгицин гьечІебгІадаб инжитаб иш лъугьун бугилан – цо чи жиндирго бесдал эбелалда аскІов вегулев вугилан. 2Гьелдаса пашманлъизе кколеб бакІалда нужер чІухІиго щиб! Гьединаб инжитлъи жиндасан лъугьарав чи нужерго агьлуялда гьоркьоса вачахъизе кколаан нужеца. 3-4Дирго рахъалъ абуни, черх гьаниб бугониги, рухІ гьениб нужеда аскІоб бугелъул, гьенив вугев гІадин вукІуна дун. Нужер данделъиялда нилъер ТІадегІанав ГІисал къудратгун цадахъ дирго рухІги гІахьаллъизабун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун дица хІукму къотІана 5гьеб иш гьабурав чи илбисалъул кверщаликье кьезе – биччанте гьесул мунагьаб напс хвезе. ТІадегІанав вачІараб къоялъ гьесул рухІ хвасарлъизеги бегьула.
6Нужер гьеб гІамал кІодолъи лъикІаб хасият гуро. Нужеда рагІанищ гьадинаб кици: «ГьитІинаб реччеялъги гІемераб ханжу беччизабула»? 7Мунагьалъул басрияб речче тІубанго нахъе рехе. Гьебмехалъ речче гъорлъ гьечІого бежараб чедлъун лъугьина нуж. Гьединаб чедин нуж кколел! Нилъер пасхаялъул кьегІер – МасихІ – цевего къурбанлъун лъугьиндалха![1] 8РачІа гьанже нилъеца пасхаялъул байрамалде хІадурлъи гьабилин басрияб речче (ай мунагьги квешлъиги) цадахъ гьечІого. РеччичІел чадал (ай бацІцІадабщинабги хІакъабщинабги) цадахъ, росун хІадурлъизин гьелде.
9Дица нужехъе битІараб кагътида хъван букІана пасатал чагІазулгун гьоркьоблъи гьабугейилан. 10Пасатал, хъантІарал, макруял гІадамазул ва гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел мажусиязул гуребха дица бицунеб букІараб. Гьездаса ратІалъизени, дуниял тун ине ккелаан ниж. 11Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан. 12-13Нилъер гуреб агьлуялъе суд гьабунги щайха дие? Аллагьас гьабила гьезие суд. Нужерго агьлуялъул чиясе суд гьабизе кколаребищ нужеца? ТІухьдузда хъван бугелъул: «Квешав чи нужер агьлуялда гьоркьоса нахъе вачахъе», – ян.

 

6 бетІер

 

Иман лъурал цоцаз судалде щай ахІулел?

 

1Жиндирго диналъул вацасдехун нужеда гьоркьоса пуланав чиясул дагІба-рагІи бугони, Аллагьасул халкъги рехун тун, иман гьечІезухъе суд гьабизе ине бегьилищ гьев? 2Нужеда лъаларебищ гьаб гІаламалъе суд Аллагьасул халкъалъ къотІизе букІин? ГІаламалъего суд гьабизе бугел нужеда кІоларебищ гІиси-бикъинаб дагІба-рагІи къинабизе? 3Нужеда лъай: малаикзабазегицин суд гьабизейин нилъеца бугеб. Гьаб дуниялалъул ишал тІуразе кигІанха нужее бигьалъизе кколеб! 4Гьединаб дагІба-рагІи нужеда гьоркьоб ккараб мехалъ, щай нужеца гьеб нужерго агьлуялда гьоркьоб къимат гьечІел гІадамазде гІарз бахъулеб? 5Нечоларищ нуж? Диналъул вацал рекъезаризе кІолев цониги гІакъилав чи нужеда гьоркьов ватичІого вукІине рес гьечІо. 6Бихьулищ – вацас вац судалде вачунев вуго, гьебги – иман лъечІез хІукму къотІизе. 7Нужеда гьоркьоса гІадамал судалде ине ккеялъгицин нугІлъи гьабула нуж къеялъе. Нужее гьабураб зарал-зиянги баччун рукІинго лъикІ гурищ? Нужехъа боцІи-рикъзи бахъиги хІехьон рукІинго лъикІ гурищ? 8Нужецайин абуни цоцазе зарал-зиян гьабулеб буго, цоцахъа боцІи-рикъзи бахъулеб буго. Лъие гьеб гьабулеб бугеб? Нужерго вацазе!
9Нужеда лъаларебищ пасатал гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъулареблъи? Нужго нужецаго гуккуге! Пасалъи гьабулезе, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулезе, зина гьабулезе, бихьиназдасан лазат босулел бихьиназе, 10хъантІаразе, цІогьабазе, гьекъолдухъабазе, мацІихъабазе, хъамалчагІазе – гьезул цонигиязе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо. 11Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго!

 

Черх – Илагьияб РухІ жаниб чІолеб мукъадасаб рукъ

 

12«Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» – ян абула цо-цояз. Бокьарабщинаб гьабиялъул гуребха пайда букІунеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула!» Амма дун сундулниги лагълъун лъугьине бегьуларо. 13Цогидаз абула: «Квен – чохьое, чехь – квание!» – ян. Аллагьас гьеб кІиябгоги пасалъизабула. Гьаваялда нахъбилълъине гуро черх бижун бугеб, ТІадегІанасе тІагІаталъейин. ТІадегІанас тІалаб гьабила гьелъул. 14ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавуна Аллагьас, жиндирго къудраталдалъун нужги хваралъуса рахъинарила гьес.
15Нужеда лъаларебищ нужер чурхдулги МасихІил черхалъул бутІаби рукІин? МасихІил черхалъул бутІа хъахІбал черхлъун лъугьинабизе бегьилищ? Киданиги бегьуларо! 16Нужеда лъаларебищ хъахІбаялда аскІов вегарасул черх гьелъул черхгун цолъулеблъи? ТІухьдузда хъван бугелъул: «гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина». 17ТІадегІанасде цолъарасул рухІ гьесул РухІгун цолъула.
18ХъахІбалъи рикІкІад гьабе! Цогидал мунагьал инсанасул черхалдаса къватІирехун ккарал рукІуна. ХъахІбаяв чиясин абуни, мунагь гьабула жиндирго черхги хІакъирлъизабун. 19-20Аллагьасдасан нужее щвараб Илагьияб РухІ жаниб чІолеб мукъадасаб рукълъун нужер черх букІин лъаларебищ нужеда? ЦІикІкІараб мухьги кьун росун ругелъул, нужго бетІергьанал чагІи гуро нуж[2]. Аллагь кІодо гьавизе пайда босе нужерго чурхдуздаса!

 

7 бетІер

 

Ригьиналъул хІакъалъулъ насихІатал

 

1Гьанже дица бицина нужеца дихъе кагътида хъван букІаралъул хІакъалъулъ. ЧІужугІаданалда аскІове къачІого вукІинго лъикІ бихьинчиясе. 2Амма пасалъи цІикІкІун бугелъул, щивав бихьинчиясул жиндирго лъади йикІун лъикІ, щияй чІужугІаданалъулги жиндирго рос вукІун лъикІ. 3Росас лъади бусада жиндасаго рикІкІалъизайизе бегьуларо, лъадиялъ росги бегьуларо. 4Жиндирго черхалъул кверщел лъадиялъухъ гуро бугеб, росасухъ буго. Гьединго жиндирго черхалъул кверщел росасухъ гуро бугеб, лъадиялъухъ буго. 5КІиялго разилъун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе цодагьабго заманаялъ гурони, цоцаздаса ратІалъуге. Цинги нахъеги цадахъ рукІа. Гьедин хьвадани, илбисалда кІвеларо, чорхол гьава къинабизе кІолеб гьечІолъи бихьун, нуж къосинаризе. 6Гьаниб дица нужее амру гьабулеб гьечІо гьедин гурони бегьуларилан. Нужее бигьалъи гьабулеб буго. 7Гьайгьай, дие бокьилаан киналго гІадамал дун гІадин чІолелани. Амма Аллагьас щивасе гьунар кьун буго: цоясе гьадинаб, цогидасе додинаб.
8Къороллъун хутІарал бихьиназдаги руччабаздаги дица абилаан, дун гІадин, ялгъузго рукІайилан. 9Къороллъи хІехьезе кІолеб гьечІони, ригьин гьабизе ккела. Ригьнаде руссинго лъикІ, хІасраталъ рухІизегІан. 10Ригьнада ругезени, дица гуреб, ТІадегІанас гьабулеб буго амру: лъади росасдаса ятІалъизе бегьуларо. 11Нагагь ятІалъани, ялгъузго йикІине ккела яги росгун рекъезе ккела. Росасги лъади йиччан тезе бегьуларо.
12Цогидаздани, ТІадегІанас гуреб, дица абулеб буго: диналъул вацасул лъади иман лъечІей йигони, амма росасда цадахъ чІезе къабуллъулейги йигони, къватІие йитІуге гьей. 13ЧІужугІаданалъул рос иман лъечІев вугони, гьелда цадахъ чІезеги разилъулев вугони, ятІалъуге гьесдаса. 14Иман лъечІев росасдаса Аллагь разилъула гьесул иман лъурай лъади сабаблъун. Иман лъечІей лъадиялдасаги Аллагь разилъула гьелъул иман лъурав рос сабаблъун. Гьедин букІунаребани, гьезул лъималги мажусиязулго гІадинал рукІинаан. Гьедин бугелъул, гьел лъималаздасаги Аллагь разилъула. 15Иман лъечІев росасе яги лъадуе ратІалъизе бокьани, риччанте ратІалъизе. Гьедин кколеб бугони, диналъул вацасда яги яцалда тІадаб гьечІо жидерго ригьин цІунизе. Аллагьасни рекъон рукІайилан абулеб буго. 16Дуда щиб лъалеб, лъади, дурго рос хвасар гьавизе дуда кІоларевлъи? Дуда щиб лъалеб, рос, дурго лъади хвасар гьайизе дуда кІоларейлъи?
17Амма нужер щивав вукІине виччанте ТІадегІанас гьесие бихьизабураб хІалалда, гьев хутІизе виччанте Аллагьас гьев жиндихъего ахІараб куцалда. Гьединабго амру гьабула дица кинабго иман лъуразул агьлуялъеги. 18Сунат гьабурав вугони Аллагьас ахІун, гьеб балъго гьабизе ккеларо. Сунат гьабичІев ахІун вугони, сунат гьабизеги ккеларо гьес. 19Сунат гьабиги – рикІкІунаро, сунат гьабичІолъиги – рикІкІунаро, Аллагьасул амруял тІуразари буго аслуги кьучІги! 20Аллагьас кинавлъун инсан жиндихъего ахІаниги, гьединавлъун хутІизе виччанте гьев. 21Гьес ахІараб мехалъ мун лагълъун вукІарав ватани, гьелъулги пикру гьабуге дуца. Амма тархъанлъизе рес бугони, гьелъие гІамал гьабе. 22ТІадегІанас жиндихъего ахІарав лагъ ТІадегІанасда цеве эркенав чилъун ккола, эркенго вукІаго ахІаравги МасихІил лагъ ккола. 23Аллагьас цІикІкІараб мухьги кьун росун ругелъул, гІадамазул лагъзаллъун ккезе чІоге! 24Кинавлъун гьес жиндихъего ахІаниги, гьединавлъун хутІизе виччанте, вацал, гьев Аллагьасда цеве!

 

Ригьин гьабичІезулги къоролзабазулги хІакъалъулъ

 

25Росасе инчІел ясазул рахъ цІехани, гьелъул рахъалъ ТІадегІанасдасан бачІараб амру гьечІо дихъ. Амма дица дирго пикру бицина, Аллагьасул баркаталдалъун дунги вугелъулха божизе бегьулев чи. 26ЗахІматаб заман бугелъул, живго вугеб хІалалъ чІейго лъикІ чиясе. 27Лъади ячун йигищ – йиччан тоге. Ячун гьечІищ – гьей ялагьизе лъугьунге. 28Амма лъади ячинги мунагь гуро. ГІурай яс росасе инги мунагь гуро. Амма ригьнаде руссиндал, гьаб дуниялалъул къварилъи-захІмалъи рещтІина нужеде. Дие бокьилаан гьелдаса нуж цІунизе. 29Дие бокьун буго, вацал, нужеда абизе, гьаб дуниялалъе заман дагьлъун бугилан. Лъудби рачаралги хьвадизе ккела лъудбиго гьечІел гІадин. 30ГІодулел ругелги хьвадизе ккела гІодулелго гьечІел гІадин. Рохун ругелги хьвадизе ккела рохунго гьечІел гІадин. Босаралги хьвадизе ккела жидеца щибго босичІеб гІадин. 31Дуниялалъул ишазде машгъуллъаралги хьвадизе ккела гьезде машгъуллъунго гьечІел гІадин. Гьаб дуниял тІагІун инехъин бугелъулха!
32Дие бокьун буго нуж сундулго ургъел гьечІого рукІине. Лъади гьечІев чи ТІадегІанасе гьабулеб тІагІаталъул ургъалида вукІуна, ТІадегІанав разилъи тІалаб гьабула гьес. 33Лъади йигев чи дуниялалъул ургъалида вукІуна, лъади разилъи тІалаб гьабула гьес. 34Гьедин кІийиде викьун вукІуна лъади ячарав чи. Росасе инчІей чІужугІадан яги гІолохъанай яс ТІадегІанасе гьабулеб тІагІаталъул ургъалида йикІуна, гьесда цебе черхги ракІги бацІцІадго цІунизе. Рос вугей чІужугІадан дуниялалъул ургъалида йикІуна, рос разилъи тІалаб гьабула гьелъ. 35Дица гьеб кинабго абулеб буго нужее лъикІлъиялъе. Щибниги жо нужее гьукъизе гуро дун кІалъалев вугев. Дие бокьун буго гьениб нужер ишазулъ гІадлу-тадбир букІине ва сундего машгъуллъичІого нужеца ТІадегІанасе хъулухъ гьабизе.
36Лъицаниги рикІкІунеб бугони абурай яс ячинчІого тезе рекъараб гьечІилан, гьелдехун бугеб хІасратги къезабизе кІолеб гьечІони, биччанте гьес жиндирго рекІее бокьараб гьабизе. Гьей ячани гьев мунагьалъукье кколаро. 37Амма гьей ячине сунцаниги тІамулев гьечІони, ячинчІого тезе кьури гьечІеб хІукмуги гьабун бугони, жиндирго хІасраталда квелъ базеги кІолеб бугони, – гьеб лъикІ ккела. 38ХІасил: жиндирго абурай ячин лъикІ буго, амма ячинчІого тани, дагьабги лъикІ[3].
39Лъади ригьнада хутІула гьелъул рос чІаго вугевгІан заманалда. Рос хвани, гьелъул ихтияр буго жиндиего бокьарав чиясе ине. Амма ГІисаде иман лъурав чи вукІине ккела гьев. 40Къороллъудаго чІани, гьей жеги талихІай йикІина. Гьединаб буго дир пикру, Аллагьасул РухІ щварав чи вугилан ккола дун.

 

8 бетІер

 

Гьан хІалалаб букІиналъул хІакъалъулъ

 

1Гьанже бицинин мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул гьанал хІакъалъулъ. Нилъер киназулго гІелму-лъай бугилан битІун абулеб буго нужеца. Амма гІелму-лъаялъ гІадамасул гІамал кІодолъизабула. Рокьиялъ берцинго гІуцІула инсанасул гІумру. 2Жинда цо щибниги лъалилан ракІалде кколеб бугони, унго-унгояб лъай гьесие щун букІунаро. 3Амма Аллагь вокьулев чи Аллагьасда лъала.
4Мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул рахъ босани: нилъеда лъала гьезул аллагьзаби щибго гурел жал рукІин, цо гурони, тІокІав батІияв Аллагь гьечІевлъиги. 5Ракьалда рукІа, зобалазда рукІа гьел аллагьзабийилан абулел жал ругилан телин (гьел цІакъ гІемер руго – «аллагьзабийилан» абулелги, «бетІергьабийилан» абулелги). 6Амма нилъер Эмен – Аллагь цохІо вуго, жинца кинабго бижарав ва жиндиего гІоло нилъ рижарав. Нилъер цо бетІергьан вуго – ГІиса МасихІ. Гьесдалъун бижун буго кинабго, гьесдалъун нилъги чІаголъана. 7Киназдаго гуребха гьеб лъалеб. Цо-цоял гьел гьересиаллагьзабазде цІакъго ругьунлъун руго ва гьез гьанжегицин мажусиязухъа босараб гьан кваналеб буго, дозие къурбанлъун гьебги рикІкІун. Мунагь ккеладайилан щакдарулелги руго гьел, хІарамаб жоцин кваналеб бугодай жидецаян. 8Амма кваница нилъ Аллагьасде гІагар гьаруларо. Гьеб кваначІогойилан камулеб жоги гьечІо нилъее, квананилан щолеб жоги гьечІо.
9Бегьулебилан рикІкІунебги бегьуларебилан рикІкІунебги кваналеб букІин гьел иман загІипазе нухда хІетІе тункулеб гамачІлъун лъугьине гурин. 10Мунагь ккеладайилан щакдарулев чиясда вихьани гьединаб лъай бугев мун мажусиязул мукъадасаб рокъов гІодовги чІун кваналев, духъ валагьун, гьесги кванала гьезул къурбаналъул гьан. 11Гьедин гьеб дур «гІелму-лъай» сабаблъун – гьев иман загІипав чи – жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дур диналъул вац хвезеги бегьула. 12Дурго вацазе заралаб мунагь гьабун, щакдарулеб гьезул ракІги лъукъун, МасихІиде дандечІун мунагь гьабулеб буго дуца. 13Гьедин, дир вац къосиналъе сабаблъун квен лъугьунеб бугони, гьев къосинавизегІан, киданиги гьан кІалдибе босичІого чІела дун!

 

9 бетІер

 

Чапарлъун вукІиналдаса пайда босичІо Павелица

 

1Дун эркенав чи гурищ? Дун МасихІилчапар гурищ? Нилъер ТІадегІанав ГІиса вихьарав чи гурищ? ТІадегІанасде нуж цолъи дир хІаракатчилъиялъул хІасил гурищ? 2Цогидазе дун чапар ватичІониги, нужее дун чапарлъидалха! ТІадегІанасде цолъараб нужер гІумруялъ нугІлъи гьабула дун МасихІил чапар вукІиналъе.
3Гьеле гьедин, дунго ритІухъ гьавун, жаваб кьола дица дир ишазул цІех-рех гьабизе бокьаразе. 4Кваназеги гьекъезеги гІарац щвезе ихтияр гьечІебищ нижер? 5Нижер ихтияр гьечІебищ, цогидал чапарзабаз гІадин, ТІадегІанав ГІисал вацаз яги Пётрица гІадин, нилъер диналъул яцаздасан лъади ячине ва гьейгун цадахъ сапаралде ине? 6Яги гІицІго диеги Барнабаегийищ ихтияр гьечІеб бетІербахъиялъе хІалтІичІого чІезе?
7Мухьдахъ ккурав рагъухъан жиндирго гІарацги харж гьабун вагъулевищ? Жиндирго цІибил квинчІого толебищ ахихъанас? Жиндирго рохьдолъа гІачиязул рахь гьекъечІого толебищ вехьас? 8ГІадамазул гІадатияб гІумру-яшавалдасан гьединал мисалал рачине бегьи гуребги, гьелъулго хІакъалъулъ Къануналдаги буго. 9Мусал Къануналда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге», – ян. Аллагьас оцазул тІалаб-агъаз тІаде босун абурал рагІабийищ гьел? 10Гьес нилъер хІакъалъулъ гуребдай гьеб абун бугеб? Гьайгьай, нилъер хІакъалъулъ абун буго. Векьарухъанас бекьула ва лал тІамулес лалги тІамула хуриса бачІаралъул бутІа щвезе хьулалда. 11Нужеда гьоркьоб Илагьияб РухІалъул хьон хьарал нижеца хьул-къасд гьабулеб бугони, гьелдасан бижаралъул бутІа бетІербахъиялъе щвелародайилан – цІикІкІараб мухьищха гьеб кколеб? 12Цогидазул ихтияр батани нужедасан кумек тІалаб гьабизе, гьайгьай, нижер жеги цІикІкІараб ихтияр буго гьелъие.
Амма нижеца киданиги пайда босичІо гьеб ихтияралдаса. Нижеца кинабго хІехьола МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе сундулъго квалквал-квекІен гьечІого хутІизе. 13Нужеда лъаларебищ Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабулел чагІаз гьенисан бетІербахъулеблъи? Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул тІалаб гьабулезеги гьеб къурбаналъул бутІа жидеего босизе ихтияр букІин лъаларебищ? 14Гьединго ТІадегІанасги бихьизабун буго Рохалил хабар лъазабулезги гьелдасан бетІербахъеян.
15Гьединаб цониги ихтияралдаса цониги нухалъ пайда босичІо дица. Гьанжеги дица нужехъе гьеб тІалаб гьабун гуро хъвалеб бугеб. Дунго чІухІизе бегьулелдаса махІрумлъизегІан хвезе бокьила. 16Рохалил хабар лъазабулеб бугилан чІухІдаризе бегьуларо дун. Дица тІубазабичІого гІолареб тІадкъай бугелъулха гьеб! Рохалил хабар халкъалда лъазабичІони, балагь рещтІаги диде! 17Дунго лъикІав лъугьун гьеб гьабулеб букІарабани, гьелъухъ мухьги щвелаан дие. Дунго лъикІав лъугьун гуро, дида тІадкъан бугелъул гьабулеб буго. 18Щиб кириха дие щолеб бугеб? Дие щолеб кири ккола – дица щибго мухь гьечІого Рохалил хабар лъазабулеб букІин ва гьелдалъун дие бугеб ихтияралдаса пайда босулеб гьечІолъиги.
19Дун эркенав чи вуго, лъилниги лагъ гуро, амма дун киназулго лагълъун лъугьана, кигІан кІваниги цІикІкІун гьел дихъ гІенеккизе бокьун. 20ЖугьутІазда гьоркьов дун лъугьана жугьутІав гІадин, жугьутІал дихъ гІенеккизе бокьун. Къанун цІунулезда гьоркьов дун хьвадана гьеб Къанун цІунулев чи гІадин (Къануналъ дида тІад кверщел гьабулеб гьечІониги), Къанун цІунулелалги дихъ гІенеккизе бокьун. 21Къанун лъаларезда гьоркьов дун чІана Къанун лъаларевлъун, (амма МасихІил кверщаликь вугев дида Аллагьасул къанун лъала), Къанун лъаларел чагІиги дихъ гІенеккизе бокьун. 22ЗагІипазе дун загІипавлъун лъугьана, загІипалги дихъ гІенеккизе бокьун. Киназдаго гьоркьов дун гьезда релълъун лъугьана, щиб сабаб-гІамал батунги гьезул цо-цоялгІаги хвасар гьаризе бокьун. 23Гьеб кинабго дица гьабулеб буго Рохалил хабаралъе гІоло, гьелъул баркаталъул бутІа насиблъизе бокьун.
24Нужеда лъаларищ: къецазда киналго рекерухъаби рекерула, амма бергьенлъиялъул шапакъат цоясе гурони щоларо. Нужги рекере гьеб шапакъат щвезе бокьун. 25Къецазул киналго гІахьалчагІаз гІемераб жоялдаса жалго махІрум гьарула, речІалел тІугьдузул гор щвезе бокьун. Нилъецани гьеб гьабула речІаларел тІугьдузул гор щвезе бокьун. 26Гьедин дунги векерулев вугев ватани, мурадалде щвезе бокьун векерулев вуго. Зарул рагъулъ дунги гІахьаллъулев вугев ватани, зарал гьаваялде хьвагІизе гуро. 27Кьабулеб-тункулебги хІехьон, квегъулеб буго дица черх, гьелда тІад кверщелги гьабулеб буго, цогидалги къецазде ахІун, дунго гъоркь хутІилевилан хІинкъун.

 

10 бетІер

 

Гьересиаллагьзабазде иман лъеялдаса цІуне

 

1Дие бокьун буго, вацал, нужеда ракІалде щвезабизе: Мисриялдаса нахъе унеб мехалда нилъер киналго умумул накІкІул рагІдукь ккун рукІана, киназго ралъадги бахана. 2Киналго гьел Мусада нахърилълъун накІкІуцаги ралъдацаги чурана. 3Гьез киназго кванана цого-цо илагьияб квен, 4цого-цо илагьияб гьекъелги гьекъана гьез. Илагьияб кьурулъан чвахун бачІараб лъим гьекъана гьез. Гьеб кьуру гьезда цадахъ букІана. МасихІ ккола гьеб. 5Амма гьезул гІемерисез Аллагь рази гьавичІо – гьезул жаназаби авлахъалда щущана. 6Гьеб буго нилъее мисал – гьел гІадин нилъ квешлъиялда нахърилълъинчІого рукІине. 7Гьезул цо-цояз гІадин аллагьалилан тарал жалазе лагълъи гьабуге нужеца. ТІухьдузда хъван бугелъулха: «ГІодор чІун кваназе-гьекъезе лъугьана халкъ, цинги аллагьилан тараб жоялъул хІурматалда пасатабщинабги хъубабщинабги гьабизе лъугьана». 8Гьезул цо-цояз гІадин хъахІбалъи гьабиларин нилъеца. Гьез хъахІбалъи гьабуна – ва цохІо къоялъ гьезул къоло лъабазарго чи хвана. 9Гьезул цо-цоял гІадин, БетІергьанасул хІалбихьизе лъугьинарин нилъ. Гьел хвана борхьаз хІанчІун. 10Гьезул цо-цоял гІадин, Аллагьасде дандечІун, гъулгъудизе бегьуларо нилъ. Гьеб сабаблъун хвалил малаикас хвезаруна гьел. 11Гьеб киналъулго хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго нилъее гІакълу щвеялъе гІоло. Ахирзаманаялде гІагарлъулел ругелъулха нилъ.
12Гьединлъидал, вахъун чІун вугилан ккарав гІодов ккезе гурин. 13ГІадамазда гьоркьоб букІунеб гурони гІазаб-балагь рещтІинчІо нужеде. Аллагьас жиндирго къотІи хвезабуларо – хІехьезе кІолареб гІазаб-балагь биччаларо гьес нужеде. ГІазаб-балагьалда цадахъго гьес нужее бихьизабила гьеб хІехьезе ресги.
14Гьединлъидал, дир хириял, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабиялдаса рикІкІалъе. 15ГІакъилал гІадамазда гІадин бицунеб буго дица нужеда. Нужецаго пикру гьабе дица бицаралъул. 16ТІадегІанасул хІурматалда нилъ гІодор чІун сардилъ кванала ва, гьари-дугІа гьабун, щурминиса чагъирги гьекъола, – гьелъул магІна ккола МасихІица тІураб бидулъ нилъерги бутІа букІин. Кваналаго нилъеца чед бекиялъул магІна ккола МасихІил чорхолъги нилъер бутІа букІин. 17Гьеб чед цо бугелъул, нилъ гІемер ругониги, цохІо черх лъугьуна. Нилъеца кинацаго цохІо чед цоцазе бикьун кваналелъулха! 18Исраилил халкъалъухъ балагье: къурбаналъе хъураб жо кваналелщиназ жидерго бутІа лъолагури гьез гьабулеб тІагІаталъулъ. 19Щиб абизе дие бокьун бугеб: гьересиаллагьзабазе гьабулеб къурбан магІнаяб жо бугиланищ? яги гьересиаллагь магІнаяб жо бугиланищ? 20Гуро! Дие абизе бокьун буго: мажусиязул къурбан гьез Аллагьасе гуро гьабулеб, жундузе гьабула. Дие бокьун гьечІо нужеца жундузулгун гьоркьоблъи гьабизе. 21Цин ТІадегІанасул щурминисан, цин жундузул щурминисан гьекъезе бажариларо нужехъа. Цин ТІадегІанасул столалдасан, цин жундузул столалдасан кваназеги бажариларо. 22БетІергьанасул ццин бахъинейищ нужее бокьун бугеб? Гьесдаса къуваталищ нилъ ругел?
23«Бокьарабщинаб гьабизе бегьула», – ян абула цо-цояз. Амма бокьарабщиналъул гуро пайда бугеб. «Бокьарабщинаб гьабизе бегьула». Амма бокьарабщиналъ гуро кумек гьабулеб. 24Биччанте щивав чи жиндиего пайдаялъе гуреб, гІагарда вугесе пайдаялъе хІалтІизе. 25Нужеца базаралдаса гьан босе щибго цІехечІого ва хІинкъичІого кванай. 26ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Ракьги ракьалда бугебщинабги БетІергьанасулин». 27Иман лъечІев чияс мун гьоболлъухъ ахІани, ине ракІалде ккани, дудаго цебе лъураб жо кванай щибго цІехечІого ва хІинкъичІого. 28Мажусиязул къурбаналъул бугин гьеб квенилан дуда лъицаниги абуни, дуца гьеб кванаге, дуда гьеб абурав чи гІодове виччазавизе. 29Гьеб кваназе мун хІинкъиялъул гуро дица бицунеб бугеб, гьев хІинкъун вукІиналъулин. Цо лъицаниги гьикъани: «Цогидасул хІинкъи сабаблъун диего бокьараб гьабичІого тезе щай дица кколеб? 30Аллагьасе реццги гьабун дица гьеб квани, лъица дида гІайиб чІвалеб, Аллагьасе рецц гьабун дун квананилан?» 31Щиб гьабулел ругониги – кваналел ругониги, гьекъолел ругониги, – Аллагьасе рецц гьабичІого тоге. 32ЖугьутІалги, грекалги, Аллагьасде иман лъуразул агьлуги къосинариларедухъ хьваде нуж. 33Диего пайдаялъе гуреб, гьел хвасарлъизе гІологи гІемеразе пайдаялъе гІологи хІалтІулев дун гІадин хьваде.

 

11 бетІер

 

1Дица МасихІидасан мисал босулеб бугеб гІадин, дидасан нужецаги мисал босе.

 

ДугІа гьабизе данделъараб бакІалда кин рукІине кколел?

 

2Дица нуж реццула, дун нужеда киданиги кІочон толев гьечІелъул, дие щваралда рекъон нужеда дица малъарабги рехун толеб гьечІелъул. 3Амма дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: щивав чиясул бетІергьан МасихІ вуго, лъадиялъул бетІергьан рос вуго, МасихІил бетІергьан Аллагь вуго. 4ДугІа гьабулеб яги иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабулеб мехалъ бихьинчияс тІагъур бахъичІони, жиндирго бетІер инжит гьабула гьес. 5ДугІа гьабулеб яги иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабулеб мехалъ чІужугІаданалъ кІаз тІаса бахъани, жиндирго бетІер инжит гьабула гьелъ. БетІер кІкІварай гІадин йикІунелъулха гьей. 6КІаз чІвазе бокьуларей чІужугІаданалъ бетІер къунцІизе ккела. КъунцІараб яги кІкІвараб бетІергун хьвадизе гьей намуслъулей йигони, биччанте гьелъ кІаз чІвазе. 7Бихьинчияс тІагъур лъезе бегьуларо, Аллагьас кІодо гьавизе вижун вугелъул гьев. ЧІужугІаданги йижун йиго бихьинчи кІодо гьавизе. 8ЧІужугІаданалдасан вижичІелъулха бихьинчи, бихьинчиясдасан чІужугІадан йижидал. 9ЧІужугІаданалъе гІоло вижичІелъулха бихьинчи, бихьинчиясе гІоло чІужугІадан йижидал. 10Гьединлъидалин чІужугІаданалъ бетІералда кІаз чІвазе кколеб, гьей росасул ихтияралда йикІин малаикзабазда лъазе. 11Амма ТІадегІанасде цолъараб мехалда лъадиги росасул ихтияралда йикІуна, росги лъадиялъул ихтияралда вукІуна. 12ЧІужугІадан бихьинчиясдасан йижун йикІаниги, бихьинчи чІужугІаданалъ гьавуна. Кинабгоги Аллагьасдасан буго!
13Нужецаго пикру гьабе, чІужугІаданалда рекъараб бугищ бетІерги гІицІго тун дугІа гьабизе? 14Жибго тІабигІаталъги бихьизабулеб гьечІищ нужеда халатаб расалъ бихьинчи суризавулев вукІин? 15Халатаб расалъ чІужугІадан берцинлъизаюлей гьечІищ? БетІералда чІвалеб кІаз гІадин буго гьелъие рас. 16Гьелда дагІба базе бокьарав чиясда дица абила, нилъерги гьечІин гьединаб гІадат, иман лъуразул жамагІатазулги гьечІин.

 

ТІадегІанасул хІурматалда гьабулеб квен

 

17Гьанже гьабизехъин бугеб насихІаталъулъни дица нуж рецциларо: нужер данделъиялъул зарал цІикІкІараб буго гьелъул пайдаялдаса. 18Цо бугони, дида рагІана нужер агьлу данделъараб мехалда гьениб дагІба-рагІи кколилан. Гьеб тІубанго гьереси гьабизеги кІвеларо. 19Жидедаса Аллагь разилъаралал ратІа рахъизе лъазелъун нужеда гьоркьоб рикьи ккезе кколелъулха. 20Масала, гьенир данделъараб мехалда ТІадегІанасул хІурматалда гуро нуж кваналел. 21Цоясдаса цояв цеве ккезе тІалаб гьабун кваналел-гьекъолел руго нуж – цояв вакъун хутІулев вуго, цогидав мехтулев вуго. 22Кваназеги гьекъезеги нужер рукъ гьечІебищ? Аллагьасде иман лъуразул агьлу инжит гьабизеги мискин-пакъир къварид гьавизегийищ нуж данделъулел? Щибха дица абилеб? Нуж реццизейищ лъугьинев? Лъугьинаро!
23ТІадегІанасдасан лъана дида гьаб кинабго нужеда малъулеб бугебщинаб. Досие хиянат гьабураб сордоялъ ТІадегІанав ГІисаца, цо чедги кодобе босун, 24тІаде дугІаги гьабун, гьебги бек-бекун абуна: «Гьаб буго нужее гІоло къурбанлъулеб дир черх. Дунги ракІалде щун, нужецаги гьабе гьадин». 25Кванан рахъараб мехалъ, додинго щурунги кодобе босун, гьес абуна: «Гьаб буго дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. Гьеб щурминисан чагъир гьекъолеб мехалъ, дун ракІалде щва нужеда». 26Гьединлъидал гьеб чед кваналебщинахъе ва гьеб щурминисан чагъир гьекъолебщинахъе нужеца, Дов вачІинегІан, гІадамазда лъазабулеб буго ТІадегІанасул хвалил хІакъалъулъ.
27Гьедин, бегьулареб къагІидаялъ ТІадегІанасул чед кваналев ва гьесул щурминисан чагъир гьекъолев чияс мунагь гьабулеб буго – ТІадегІанасул черхги биги инжит гьабулеб буго. 28Цин инсан жиндирго рекІелъе ваккизе ккола, мустахІикъав вугищали лъазе. Цинги кваназе бегьула гьеб чед ва гьеб щурминисан чагъир гьекъезеги бегьула. 29ТІадегІанасул черх бичІчІичІого кваналев ва гьекъолев чияс жиндаго тІаде тамихІ цІалеб буго. 30Гьединлъидалин нужеда гьоркьор загІипалги унтаралги гІемерлъун ругел, цо-цоял холелги ругел. 31Цин нилъ нилъерго рекІелъе раккани, Аллагьасул тамихІ букІинаро нилъее. 32Аллагьас нилъее тамихІги гІадлуги гьабулеб буго, – цогидаб гІаламалъе букІине бугеб жазаялдаса нилъ хвасарлъизе.
33-34Гьединлъидал, вацал, нужер данделъи Аллагьасул тамихІлъун лъугьинчІого букІине, кваназе киналго тІаде щвезегІан чІа. Вакъарав чи рокъовго кванан вачІа. Цогидал амруял дица нужее кьела дунго гьениве вачІараб мехалъ.

 

12 бетІер

 

Илагьияб РухІалъ кьураб батІи-батІияб махщел-гьунар

 

1Илагьияб РухІалъ кьураб махщел-гьунаралъул рахъалъ абуни, дие бокьун гьечІо, вацал, нужеда гьеб мекъи бичІчІизе. 2Нужеда ракІалда бугищ, мажусияллъун рукІараб заманалда аллагьзабийилан тарал, кІалъазе кІал гьечІел жалазе лагълъи гьабиялъ нуж батІи-батІияб къагІидаялъ къосинарураб куц? 3Гьединлъидал дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: инсанасулъ Аллагьасул РухІ бугони, гьес абиларо ГІисае нагІана батагийилан. Жиндилъ Илагьияб РухІ гьечІони, лъицаниги абиларо ГІиса ТІадегІанав вугилан!
4Махщел-гьунар батІи-батІияб букІуна. Амма гьеб кинабго цохІо Илагьияб РухІалъ кьола. 5Хъулухъ гьабиялъулги руго батІи-батІиял къагІидаби. Амма гьел киналго цохІо ТІадегІанасе руго. 6ХІалтІи-ишги батІи-батІияб буго. Гьеб кинабго гьабизе киналго тІамулев Аллагь цохІо вуго. 7Щивав инсанасулъе РухІ хасаб къагІидаялъ рещтІуна киназего пайдаялъе. 8Цоясе РухІалъ кьола гІакъилаб калам, цогидасе гьебго РухІалъ кьола гІелму-лъай малъизе махщел. 9Гьебго РухІалъ цогидасулъе иман тІинкІула, цогидасе гьебго РухІалъ кьола унтарал сахлъизаризе гьунар; 10цоясе кьола мугІжизат бихьизабизе къудрат, цогидасе – иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабизе махщел; цоясе – РухІалдасан бугебги гьелдасан гьечІебги батІа гьабизе гьунар, цогидасе – батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъай, яги батІи-батІиял мацІазда бицунеб жо цогидазда бичІчІизабе бажари. 11Гьеб кинабго гьабула цохІо РухІалъ, гьедин жиндиего бокьухъе щивав чиясе кьола гьелъ махщел-гьунар.
12Мисалалъе босилин инсанасул черх. Черх цо буго, лугби гІемер руго. КигІан гІемер ругониги гьел лугбуздасан лъугьун буго цохІо черх. Гьединав вуго МасихІги. 13ЦохІо РухІалдалъун киналго нилъ чурун рацІцІалъана, цого черхлъун лъугьана – жугьутІалги, грекалги, лагъзалги, уздензабиги. Цого РухІалдасан гьекъезаруна киналго.
14Цо лагаялдасан гуро черх лъугьун бугеб, гІемераздасанин. 15Масала, бохалъ жиб квер гурин ва гьаб черхалъул лагаги гурилан абуниги, чорхол лагалъун хутІулагури гьеб. 16Яги гІиналъ жиб бер гурин ва гьаб черхалъул лагаги гурилан абуни, чорхол лагалъун хутІулагури гьеб. 17ТІолабго черх цохІо бералдасан гІуцІараб букІарабани, гьелда кин рагІилеб букІараб? ТІолабго черх гІиналдасан гІуцІараб букІарабани, махІ кин гьелда лъалеб букІараб? 18Амма Аллагьас киналго лугби ургъунго цо чорхолъ рекъезарун руго ва щибаб лагаялъе бакІги бихьизабун буго. 19Кинабго цо лага бугони, черх букІинищха. 20Гьединлъидал лугби гІемер руго, черх цо буго. 21Бералъ квералда абизе рес гьечІо дие мун къваригІунарилан. Яги бетІералъ бохдузда абизе рес гьечІо дие нуж къваригІунарилан. 22Амма бищунго загІипалилан кколел лугби чорхое лъугьун ратула бищунго къваригІунеллъун. 23-24«ХІурмат гьабизе» кколарелилан рикІкІунел лугбузул гурищ нилъеца цІикІкІун тІалаб гьабулеб? Берцинал лугбуздехун гьечІеб тІалаб-агъаз гьабулагури нилъеца сураралилан кколел лугбузул. Аллагьас черх гІуцІун буго къимат гьечІел лугбузул тІалаб-агъаз цІикІкІунеб къагІидаялъ, 25– чорхолъ дагІба-рагІи ккечІого букІине ва киналго лугбуз бащадго цоцазул тІалаб-агъазги гьабизе. 26Цо лага унтани, киналгоги унтула. Цо лага беццани, киналгоги рохула.
27Нуж киналго МасихІил черх ккола. Нужер щивав чи гьеб чорхол лагаги бутІаги ккола. 28Иман лъуразул агьлуялъе Аллагьас тІоцере чапарзаби тІамуна, кІиабизе – халкъалда Аллагьасул амру лъазабулел чагІи, лъабабизе – мугІалимзаби, цинги мугІжизат бихьизабулел чагІи, цинги гІадамал сахлъизарулел чагІи, кумекчагІи, бетІерлъи гьабулел чагІи, батІи-батІиял мацІазда кІалъалел чагІи ритІана. 29Кинавго чи чапар вукІуневищ? Кинавго чиясухъа бажарулебищ Аллагьасул амру халкъалда лъазабизе? Кинавго чи мугІалим вукІуневищ? Кинавго чиясда кІолебищ мугІжизат бихьизабизе? 30Кинавго чиясул букІунебищ унтарал сахлъизаризе гьунар? Кинавго чиясухъа бажарулебищ батІи-батІиял мацІазда кІалъазе? Кинавго чиясухъа бажарулебищ батІи-батІиял мацІазда цогидазда бичІчІизабизе?
31Амма нужеца тІалаб гьабе бищунго лъикІаб махщел-гьунар щвезе.
Гьанже дица нужеда бихьизабила гьелдасаги лъикІалде нуж рачунеб нух.

 

13 бетІер

 

Рокьиялъе гьабураб рецц

 

1Киналго халкъазул, малаикзабазулгицин мацІалда кІалъазе лъалеб бугониги, дилъ рокьи гьечІони – дун ккола бухулеб къалиги пулеб зурмаги. 2Аллагьасул киналго амруял дица халкъалда лъазарулел ругониги, кинабго балъгояб гІелму-лъай дилъ бугониги, мугІрул рилълъанхъизаризе кІолеб божи-иман бугониги, – дилъ рокьи гьечІони, дунги гьечІо. 3Дица дир бугебщинаб боцІи-рикъзи мискинзабазе бикьаниги, дирго черх бухІизе кьуниги – дилъ рокьи гьечІони, щибго пайда гьечІо дие.
4Рокьулъ сабру буго, гурхІел-рахІму буго, рокьулъ берчІегІерлъи гьечІо, рокьи беццаруларо, рокьи чІухІдаруларо, 5рокьулъ тІасанккей гьечІо, жиндиего пайдаялда хадубги лъугьунаро, рокьи ццидахунаро, гІайиб-гъвел гьелда кІочон тола, 6квешабщиналдаса бохуларо гьеб, хІакъабщиналдаса бохула. 7Рокьи кидаго тІасалъугьуна, кидаго божула, кидаго хьул-къасдалда букІуна ва гьелъ щибго хІехьола.
8Рокьи киданиги лъугІуларо. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулел руго – гьеб лъугІила. БатІи-батІиял мацІазда кІалъалел руго – гьебги тІагІина. ГІадамазулъ гІелму-лъай буго – гьебги лъугІила. 9Нилъер гІелму-лъай камилаб гьечІелъулха, Аллагьасул амруял ричІчІиги камилаб гьечІелъулха. 10ТІубанго камиллъараб тІаде бачІараб мехалъ, камиллъичІебщинаб тІагІина. 11Лъимер вугеб мехалда дун лъимер гІадин гаргадулаан, лъимаца гІадин пикру гьабулаан, лъимадул гІадинаб гІакълуги букІана дир. КІудияв гІураб мехалъ, кинабго доб лъимадулаб дилъа лъугІана. 12Гьанже нилъеда бихьулеб буго басрияб матІуялъусан гІадин. Доб мехалда цебе лъун бихьила. Гьанже дида цо бутІа лъала, доб мехалда тІубанго лъазе буго, Аллагьасда дун тІубанго лъалев вугев гІадин.
13Гьанже нилъеда цадахъ хутІун буго божиги, хьулги, рокьиги. Гьеб лъабалъулго бищунго тІадегІанаб ккола рокьи.

 

14 бетІер

 

БатІи-батІиял мацІазда кІалъазе ва Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе бажари

 

1Рокьи нужелъ цІикІкІине хІаракат бахъе. Илагьияб РухІалъ кьолеб махщел-гьунарги тІалаб гьабе, сундасаго цІикІкІун тІалаб гьабе Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе бажари. 2БатІи-батІиял мацІазда гаргадулев чи гІадамаздехун гуро кІалъалев, Аллагьасдехунин. Илагьияб РухІалъул къудраталдалъун гьес балъголъи рагьулеб мехалъги, лъиданиги вичІчІуларо гьев. 3Аллагьасул амруязул хІакъалъулъ бицунев чияс гІадамазе насихІат гьабула, къвакІун чІезеги ракІ бохизеги кумек гьабула. 4БатІи-батІиял мацІазда кІалъаялъул пайда кІалъалесе букІуна, Аллагьасул амруял халкъалда лъазариялъул пайда иман лъуразул агьлуялъе букІуна. 5Дие бокьилаан батІи-батІиял мацІазда нуж киналго кІалъазе, амма дагьабги лъикІ букІина Аллагьасул амруял халкъалда лъазаруни. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулев чи батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъалев чиясдаса тІадегІанав вуго. Иман лъуразул агьлуялъе пайда букІуна гьел мацІазда бицунеб жо бичІчІизабизе бажарулев чи гьезда гьоркьов вугони.
6Масала, нужехъе вачІун дун батІи-батІиял мацІазда кІалъани, дидасан кинаб пайда, вацал, нужее букІинеб? Аллагьасдасан амру нужеда лъазабулеб гьечІони, цогІаги гІакълу-насихІатги дидасан щолеб гьечІони, – щибго пайда букІинаро.
7Мисалалъе росилин рухІ гьечІел жал – щвантІихги чагурги. Гьаркьал ратІа рахъизе лъаларедухъ щвантІих пулеб бугони яги чагур хъвалеб бугони, гьезда бачунеб бакъан кин лъалеб? 8Накъираялъул гьаракь магІна бичІчІулареб бугони, рагъде хІадурлъизехъин рукІин кин лъалеб? 9Гьединго, лъиданиги лъалареб рагІи бичІчІулареб мацІалда дуца абулеб бугони, лъида мун вичІчІилев? Гьаваялда багъараб гьаракьлъун хутІила дур калам. 10Дуниялалда цІакъго гІемерал мацІал руго, амма магІна гьечІеб рагІи цониги батуларо. 11Дида мацІ бичІчІулеб гьечІони, гьеб мацІалъул чи дие чияр чи вуго, дунги гьесие чияр чи вуго.
12Илагьияб РухІалдасан махщел-гьунар щвезе нужее бокьун батани, иман лъуразул агьлуялъе пайдаяб махщел-гьунар цІикІкІинабе. 13БатІи-батІиял мацІазда кІалъалев чияс гьаризе ккола гьеб бичІчІизабизе гьунарги кьейилан. 14БичІчІулареб мацІалда дица дугІа гьабуни, – гьеб лъугьуна дилъ бугеб Илагьияб РухІалъ гьабулеб, амма дир гІакълу-пикру гІахьаллъичІеб дугІалъун. 15Щибха дица гьабизе кколеб? РухІалъ малъухъеги гьарила дица Аллагьасда, дирго гІакълу-пикруялдалъунги гьарила. РухІалъ малъухъеги ахІила дица Аллагь веццарал туркаби, дирго гІакълу-пикруялдалъун бичІчІараб куцалъги ахІила. 16Дуца Аллагьасе рецц РухІалъ малъухъе гьабулеб бугони, гьеб бичІчІизе гьунар гьечІев чияс дуда хадуб «Амин» абиларо. Дуца щиб бицунеб бугебали лъаларелъулха гьесда. 17Дуца лъикІаб гІамал гьабуна, амма цогидазе гьелъул пайда бахинчІо. 18Аллагьасе рецц, нужер киназдасаго лъикІ лъала дида батІи-батІиял мацІазда кІалъазе, 19амма иман лъуразул данделъиялда дица гьезда бичІчІулеб щуго рагІи абун гьабураб насихІат лъикІ, бичІчІулареб мацІалда аза-азар рагІи абиялдаса.
20Лъимадул гІадинаб гІакълу-пикругун хьвадуге, вацал. Кинида ругел лъималазгІанги квешлъиги гьабуге, кІудиял гІурал гІадамаз гІадин пикруги гьабе.
21Къануналда хъван буго:
«БатІи-батІиял мацІаздалъун ва гьезие чияраб каламалдалъун кІалъалел гІадамал тІамила дица гьеб халкъалда тІад, амма гьебмехалдаги гьел дихъ гІенеккиларо», – ян абулеб буго БетІергьанас.
22Гьедин, Аллагьас батІи-батІиял мацІал жиндирго гІаламатлъун иман лъуразде гуро рещтІинарурал, иман лъечІездейин. Амма Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе гьунар – гьеб иман лъечІезе гуро, иман лъуразе гІаламат буго. 23Масала, иман лъуразул тІолабго агьлуялъул данделъиялда щивав чи бичІчІулареб мацІалда кІалъалев вугеб мехалъ, гьенире рачІани гьеб гьунар жиделъ гьечІел яги жидеца иман лъечІел гІадамал, нуж гІадаллъун ругилан абиларищ гьез? 24Амма Аллагьасул амруял ричІчІизаризе киназдаго лъалеб бугони, жинца иман лъечІев яги доб гьунар жиндилъ гьечІев чи нужер данделъиялдеги вачІани, нужер щивав чиясда кІвела гьесул мунагьал тІатинаризе. Гьебмехалда гьесда ракІалде ккела, киназго гьедин абулеб бугелъул, Аллагьас жиндие суд гьабулеб бугилан. 25Гьесул рекІелъ букІараб балъгоябщинаб къватІиб чІвайдал, гьев накалда ккела, Аллагьасе сужда гьабила, Аллагь нужеда цадахъ вукІин ритІухъ гьабила.

 

Данделъиялда кинабго букІине ккола берцинго ва рекъа-решон

 

26Гьеб киналъулго кинаб хІасилха, вацал, нилъеца гьабилеб? Нуж данделъараб мехалъ, цоясул туркиги, цогидасул насихІатги, гьединго Аллагьас загьир гьабурабги, батІи-батІиял мацІазда гьабулеб каламги, гьеб бичІчІизабиги – щивасул гьеб кинабго букІине ккола иман лъуразул агьлуялъе пайдаялъе. 27БатІи-батІиял мацІазда кІалъазе бокьарал чагІи ругони, кІигояв, бищун цІикІкІун лъабгояв, иргадал кІалъай, цогидас гьеб бичІчІизабизеги. 28БичІчІизабизе бажарулев чи гьечІони, батІияб мацІалъул чи кІалъачІого вукІине ккела яги живго жиндаго ва Аллагьгун гаргадизе ккела. 29Данделъаразда Аллагьасул амруял лъазаризе кІигояв яги лъабгояв лъугьа, цогидазин абуни, гьез бицараб борцине ккела. 30Данделъиялда ругезул цоясе Аллагьас цо щибниги загьир гьабулеб бугони, кІалъалев вугев вуцІцІун чІезе ккела. 31Аллагьасул амруял данделъаразда лъазарун, тІолабго агьлуялъе пайда букІунедухъ, иргадал кІалъазе бегьулелъулха нуж киналго. 32Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулев чи гІодове виччарав вукІине ккола. 33Аллагьасе бокьуларелъулха ахІи-хІурги гъалмагъирги. Гьесие бокьула рекъа-решей.
Аллагьасул халкъалъул киналго жамагІатазда руцІцІун чІолел гІадин, 34руччаби нужер данделъиялдаги руцІцІун чІезе ккола. КІалъазе изну гьечІо гьезие. Къануналъги абулеб буго гьел мутІигІлъун чІезе ккелилан. 35Щибниги жо лъазе бокьани, рокъоб жидерго росабазда гьикъеян абе. Данделъиялда руччаби кІалъазе рекъараб гьечІо.
36Нужеда ракІалдейищ кколеб Аллагьасул рагІи нужедасан бачІараб бугилан? Яги гІицІго нужехъе бачІараб жойиланищ кколеб нужеда гьеб?
37Аллагьасул амру халкъалда лъазабулев чилъун яги Илагьияб РухІалдасан махщел-гьунар щварав чилъун живго рикІкІунев вугони, гьес ритІухъ гьабизе ккела гьаб дица нужехъе хъвалеб бугеб жо ТІадегІанасдасан бачІараб амру букІин. 38Гьеб гІадахъ босуларев чи нужецаги гІадахъ восуге.
39Гьединлъидал, вацал, Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе махщел-гьунар тІалаб гьабе, батІи-батІиял мацІазда кІалъазеги гьукъуге. 40Амма кинабго букІине ккола берцинго ва рекъа-решон.

 

15 бетІер

 

МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нужер божи-иман гІадада ккана

 

1Гьанже дица нужеда ракІалде щвезабулеб буго, вацал, нужеда дица лъазабураб, нужецаги къабул гьабураб, нужер божи-иманалъул щулияб кьучІлъунги бугеб Рохалил хабар. 2Гьеб дица бихьизабураб нухдаса кьуричІого чІани, нуж хвасарлъула. Гурони – нужер божи-иман гІадада ккола.
3Сундасаго цебе дица нужеда бицана дицаги къабул гьабураб хабар: Хириял ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, МасихІ хвана нилъер мунагьазе гІоло. 4Гьев хабалъ лъуна. ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинавуна. 5Пётрида вихьана гьев, цинги анцІила кІиявго чапарасдаги вихьана. 6Цинги гьев цого заманалда вихьана щунусгоялдаса цІикІкІарав вацасдаги, гьезул гІемерисел гьабсагІатги чІаго руго, цо-цоял хвана. 7Цинги Якъубида вихьана, цинги киналго чапарзабаздаги вихьана. 8Гьел киназдасаго хадув гьев дидаги вихьана, мех щвечІого гьабураб лъимада гІадин. 9Дун вуго бищунго гьитІинав чапар. Чапарлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе дица гІазаб кьолеб букІиндалха. 10Амма Аллагьасул баркаталдалъун гьанже дун вуго гьав нужеда вихьулев чи. ГІадада гуро Аллагьас диде баркат рещтІинабураб. Дол чапарзабаздасаги цІикІкІун хІалтІана дун. Дун гуревха хІалтІарав, дилъ бугеб Аллагьасул баркат хІалтІана. 11Дол рукІаниги, дун вукІаниги батІалъи щиб, нижеца гьедин бицуна Рохалил хабар, нужги гьелда божана.
12Гьедин, МасихІ хваралъуса вахъин нижеца лъазабидалги, нужер цо-цоязда кин абизе кІолеб хварал чІаголъизаруларилан? 13Хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо. 14МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нижеца бицараб Рохалил хабарги гІадада ккана, нужер божи-иманги гІадада ккана. 15Гьелда тІадеги, нижеца Аллагьасул хІакъалъулъ гьересинугІлъи гьабураблъунги кколеб буго, – Аллагьас МасихІ хваралъуса вахъинавунилан абулеб мехалъ. Амма хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги гьес хваралъуса вахъинавичІо. 16Хварал тІаде рахъинаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо. 17МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нужер божи-иман гьодораб жо буго, нужги церего гІадин нужерго мунагьазул кверщаликь руго. 18Гьедин батани, дол МасихІида божун хваралги тІубанго хваралищ? 19ГІицІго гьаб дуниялалъул чІаголъиялъулъ МасихІиде хьул лъун нилъ хьвадулел ругони, бищунго гурхІизе ккарал чагІи руго нилъ.
20ХІакъикъаталдаги МасихІ хваралъуса вахъинавуна, – хваралъуса рахъинаризе рукІиналде киназулго хьул лъеялъе гІоло. 21Цо чи сабаблъун бачІана хвел, цо чи сабаблъун бачІана хваралъуса рахъинариги. 22Адамил наслу бугелъул киналго хвезе руго, МасихІил наслулъун лъугьиндал, киналго хваралъуса рахъинаризе руго. 23Киналго иргадал чІаголъила: бищун цеве МасихІ, цинги гьев вачІараб мехалъ – гьесул агьлуги. 24Цинги дуниял ахирлъила. МасихІица къезарила тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги – киналго рухІал, цинги Эмен – Аллагьасухъе кьела жиндирго парччахІлъи. 25МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан. 26Бищунго ахиралда къезабулеб тушман ккола хвел. 27ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас кинабго гьесул малакь лъуна». «Киналъулго» бицунаго, гьайгьай, гьелда гьоркьове унаро гьеб кинабго МасихІил малакь лъурав Аллагь. 28Кинабго жиндир кверщаликье ккараб мехалъ, живго Васги вукІина гьеб кинабго жиндир малакь лъурасул кверщаликь. Гьебмехалда киналъулго кверщел Аллагьасухъ букІин бихьила.
29Гьеб гьереси букІарабани, хваразе гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъилел рукІарал? Хварал чІаголъуларел ратани, гьезие гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъулел? 30Щай нилъ кидаго хІинкъиялда гъоркь рукІине ккелел? 31Щибаб къоялъ хвалил хІинкъи буго, вацал, дие. Нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисада цебе нужедаса бугеб чІухІиялхІагийилан гьедизе кІвела гьедин бугилан. 32Эфесалда ругел гьал жанаваралгун гІадамазул къагІидаялъ вагъиялдасан дие бугеб пайда щиб, дирго напсалъул пикруялда вугони? Хварал чІаголъулел ратичІони, «рачІа кваназе-гьекъезе, метер нилъ хвезе ругин». 33Нужго гуккизе чІоге. Квешазда аскІоре къани, лъикІаб гІамалалдаса ратІалъула. 34КантІе, тІокІаб мунагьги гьабуге. Нужер цо-цоязда Аллагь лъаларо. Дица гьеб абулеб буго нуж намуслъизе.

 

Хварал кин чІаголъулел

 

35Амма цо лъицаниги гьикъизе бегьила хварал кин чІаголъулелилан. Кинаб черхгун гьел тІаде рахъунелилан. 36ГІабдал вуго гьев. Дуца ракьулъ мугь чІола, амма цин жибго хвечІони, гьеб тІаде баккуларо. 37Дуца ракьулъ чІолеб жо, ролъул букІа яги цогидалъул букІа, гІицІаб мугь буго, гьелдасан лъугьунеб «черх» гуро гьеб. 38Аллагьас кьола гьелъие жинцаго тІаса бищараб черх – хьодул щибаб тайпаялъе батІи-батІияб. 39Киналго чурхдул релълъарал гьечІо: гІадамазул батІиял руго, хІайваназул батІиял руго, хІанчІазул батІиял руго, ччугІбузул батІиял руго. 40Руго зобалазулал чурхдул, руго ракьалъулалги. Зобалазулал чурхдузул жидерго берцинлъи буго, ракьалъулал чурхдузулги жидерго берцинлъи буго. 41Бакъул батІияб, моцІрол батІияб, цІвабзазул батІияб буго берцинлъи. Щибаб цІваялъулгицин буго жиндирго берцинлъи.
42Гьелдаго релълъун букІина хварал чІаголъизариги. Ракьулъе кколебщинаб хола, тІаде баккулебщиналъе хвел гьечІо. 43Ракьулъе сурукъго уна, тІаде берцинго баккула. Ракьулъе загІипго уна, тІаде гучалда баккула. 44Ракьулъе тІабигІияб черх уна, тІаде рухІалъ цІураб черх баккула. ТІабигІияб черхги букІуна, рухІалъ цІураб черхги букІуна.
45ТІухьдузда хъван буго: «ТІоцевесев инсанасда – Адамида рухІ лъуна». Ахирисев Адам[4] – чІаголъи кьолеб РухІлъун лъугьана. 46РухІалъ цІурабаб бачІунаро тІоцебе, тІабигІияб черх бугебаб бачІуна. Цинги бачІуна рухІалъ цІурабги. 47ТІоцевесев Адам ракьул хІуралдасан вижана, ракьалдаса вачІана. КІиабилев Адам зобалаздаса вачІана. 48Ракьалдасан ругелал ракьалдаса вачІарасда релълъуна. Зобалаздасан ругелал зобалаздаса вачІарасда релълъуна. 49Ракьалдаса вачІарасул сипат-сурат нилъелъ бугеб гІадин, зобалаздаса вачІарасул сипат-суратги букІина нилъелъ. 50Дица нужеда абулеб буго, вацал, черхалъеги биялъеги Аллагьасул парччахІлъи насиблъуларин, холебалъе холаребаб насиблъуларин.
51-52Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила. 53Турулебаб турулареблъун лъугьине ккола, холебабги холареблъун лъугьине ккола. 54Турулебаб турулареблъун лъугьараб мехалъ, холебабги холареблъун лъугьараб мехалъ ритІухълъила ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима: «Хвел къулчІана, къезабуна». 55Хадубги: «Хвел, киб бугеб дур бергьенлъи! Хвел, киб бугеб дур хеч!» 56Хвалил хеч ккола мунагь. Мунагьалъе къуват Къануналдасан щола. 57Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ бергьинарулев Аллагьасе рецц!
58Гьеле гьедин, дир хириял вацал, къвакІун чІа нуж, къуркьуге нуж. ТІадегІанасе гІоло тІадчІун хІалтІе. Нужеда лъан букІа: ТІадегІанасде цолъун гьабураб нужер хІалтІи гІадада холаро.

 

16 бетІер

 

Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялъе садакъа

 

1Гьанже бицинин Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялъе гІарац бакІариялъул хІакъалъулъ. Галатиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда дица малъухъе гьабе нужецаги. 2Нужер щивав чияс гьатІан къоялъ батІаго лъун те нужее щваралда рекъон лъикІ бихьараб гІарац. Цинги дун вачІараб мехалъ гьеб бакІаризе лъугьине ккеларо. 3Дун гьениве щвейгун, гьеб нужер садакъа Иерусалималде щвезабизе ритІила нужеца тІаса рищарал гІадамал ва гьезда цадахъ битІила гьел нужер вакилзаби ругилан кагъатги. 4Дунго гьениве ине ккани, дидаго цадахъ рачина гьелги.

 

Павелица гьабизе бугеб сапаралъул хІакъалъулъ

 

5Македониялдаса нужехъеги вачІина дун – Македониялдасан ине ракІалда буго дида. 6Цодагьаб мехалъ нужеда аскІов чІезеги бегьула, щиб лъалеб, хаселалъго гьенив хутІизеги бегьула. Гьенисаги дица сапар бухьунеб бугони, нужеца кумек гьабизе ккела дие. 7Сапаралда вукІаго нужехъе ваккизе вачІине гурелъулха дие бокьун бугеб, ТІадегІанав разилъани, лъикІаланго заманаялъ гьенив чІезе хиял буго.
8БачІин бакІариялъул байрам тІаде щвезегІан чІела дун Эфесалда. 9Пайдаяб хІалтІуе кІудияб нуцІа рагьун буго дие, дандечІаралги гІезегІан руго.
10Тимофей гьениве вачІараб мехалъ, гьениб гьесие хІинкъи букІунареб хІал гьабе. Гьевги, дунго гІадин, ТІадегІанасе гІололъидалха хІалтІулев вугев. 11ГІамал кІодого ралагьуге нуж гьесухъ. Аллагьас нух битІизабегийилан гьарун тІадвуссун витІе. Дунги вацалги гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун руго.
12Нилъер вац Аполлосил хІакъалъулъ бицани, дица гьесда цІакъ гьарана вацалгун цадахъ нужехъе щвайилан, амма гьабсагІат гьениве ине къасд гьечІо гьесул. Рес ккараб мехалъ вачІина гьев.

 

Кагътил ахиралда саламалъул рагІаби

 

13РорчІи ккве, иман щулалъизабе, бахІарчияллъун ва къуваталлъун рукІа. 14Нужеца гьабулебщинаб рокьигун гьабе.
15Цоги гьари буго, вацал, нужеде: Стефанасил рукъалъул агьлу Ахаялда тІоцере МасихІида божарал чагІи рукІин лъалаха нужеда. Аллагьасул халкъалъе тІубанго хъулухъалъе чІарал чагІи руго гьел. 16Дица нужеда гьарила гьединал чагІазухъги, гьезда цадахъ хІалтІулезухъги, хъулухъ гьабулезухъги гІенеккейилан.
17Дун цІакъ вохун вуго Стефанасги, Фортунатги, Ахаикги гьанире рачІиналдаса. Нуж дие камун рукІин лъазе биччаларо гьез дида. 18Нужер ракІазе къвакІи кьураб гІадин, дир рекІееги къвакІи кьола гьез. Гьединал чагІазул къимат гьабе!
19Асиялда ругел иман лъуразул агьлуялъул салам буго нужеде. Аквилалгун Прискиллал ва гьезул рокъор данделъулел иман лъуразул агьлуялъулги буго нужеде ТІадегІанасул цІар рехсараб, урхъараб салам. 20Гьанир ругел киналгоги вацаз битІулеб буго нужеде салам. Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе.
21Гьаб дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил салам буго нужеде. 22ТІадегІанав вокьуларесе нагІана батаги! «Марана-та!» – вачІа, нижер ТІадегІанав! 23ТІадегІанав ГІисал цІоб лъеги нужеда! 24МасихІ ГІисаде цолъарал нуж киналго рокьула дие.

 

 

Коринфиязухъе кІиабилеб кагъат

Коринфиязухъе Павелил кІиабилеб кагъат

 

«Коринфиязухъе Павелил кІиабилеб кагъат» хъван буго нилъер эраялъул І гІасруялъул 50-абилел соназул ахиралда. Кагъат хъваялъе гІиллалъун лъугьана Павел чапарасдаги Коринфалда бугеб иман лъуразул жамагІаталдаги гьоркьоб ккараб дагІба-рагІи ккей.
Кагътил тІоцебесеб бутІаялда Павелица бичІчІизабулеб буго жиндехун тушманлъи лъугьун букІин лъараб мехалъ щай жинца гьезул ракІ лъукъулеб жаваб хъварабалиги, рекъел ккеялдаса жив вохун вугиланги. КІиабилеб бутІаялда Павелица чІезабулеб буго жив хІакълъунго чапар вукІин, жиндир тушбабазул бугьтаналги гьересиял рукІин.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1МасихІ ГІисал чапарлъун вукІине Аллагьас тІаса вищарав Павелил ва диналъул вац Тимофейил салам буго Коринфалда ругел иман лъуразул агьлуялде, гьединго тІолабго Ахаялда ругел иман лъуразул агьлуялдеги. 2Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда.

 

Аллагьас нилъер ракІбатизабула

 

3Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц! Гьев нилъеда кидаго гурхІула, гьес нилъер ракІбатизабула! 4Кинаб къварилъи нилъеде бачІаниги, Аллагьас ракІбатизабула нилъер. Гьес нилъееги къуват кьола, – жинца нилъер ракІбатизабулеб бугеб гІадин, къварилъиялда ругезул нилъецаги ракІбатизабизе. 5МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нилъее цІикІкІанагІан, МасихІидалъун нилъер ракІбатизабиги цІикІкІуна. 6Нижеца гІазаб-гІакъуба хІехьолеб буго нужер ракІбатизабизе ва нуж хвасарлъизе гІоло. Нижер ракІбатизабурас нужерги ракІбатизабила. Нижее бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба нужецаги сабруялда хІехьани, гьелъги нужер ракІбатизабила. 7Нуж мекъи ккеларилан ракІчІун руго ниж. Нижее бугеб гІазаб-гІакъуба нужееги бугеб батани, гьелъ нужер ракІбатизабилеблъи лъала нижеда.
8Я, вацал, Асиялда нижее букІараб къварилъиялъул хІакъалъулъ нужедаги лъазе бокьун буго. Баччизе кІвеялдаса араб хІалалде ккедал, чІаго хутІиялдаса хьул къотІун букІана. 9Къадаралде щвезехъин ругилан ккун, нижедаго божулел рукІинчІо, хваралъуса рахъинарулев Аллагьасде тІамун тун букІана. 10Гьес хвасар гьаруна ниж гьеб гІасияб хвалдаса. Гьанжеги хвасар гьарулел руго, ва хадурги хвасар гьарилилан хьулги буго. 11Нужецаги гьари-дугІа гьабеха, нижеда тІадрекъон. Нилъер гьари-дугІа цІикІкІани, Аллагьасги цІоб лъела, гІадамаз Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина.

 

Павелица хІукму гьабун букІана Коринфалде ине

 

12Ниж сундаса чІухІизе кколел? Гьаб дуниялалда ва хасго нужеда хурхарал ишазулъ ниж хьвадулел руго Аллагьасдасан рещтІараб ракІбацІцІалъигун ва муъминлъигун. Намус бацІцІадго абулеб буго нижеца гьедин. ГІадамазул гІакъиллъиялъ малъун гуро ниж гьедин хьвадулел ругел, Аллагьасул баркаталдалъунин. 13-14Кагътидасан нужеца цІалулеб ва нужеда гьенисан бичІчІулеб жо гурони, батІияб щибго ракІалде кколаро нижеда гьеб хъвалеб мехалъ. Нижеца бицарабщиналъул цо-цо бутІа гурони нужеда гьанжелъагІан бичІчІулеб букІинчІеб батани, гьанже гьеб нужеда тІубанго бичІчІилилан хьул буго. Ниж нужедаса чІухІулел гІадин, нужги нижедаса чІухІила – нилъер ТІадегІанав ГІиса цІидасан рещтІараб къоялъ.
15Гьелда ракІги чІун, дица хІукму гьабун букІана цин нужехъе вачІинин, ва гьеб дир сапаралъул нужее кІицІулго пайда букІинин. 16Дида ракІалда букІана Македониялде унаго нужехъе щвезе, цинги Македониялдаса нахъвуссунаго кІиабизеги нужехъе вачІине ва нужер кумекалдалъун Ягьудиялде ине. 17Гьедин къватІиве вахъине къачІалаго унго дир пикруйищха хисараб? ГІадамазул гІакъиллъиялъ малъунищ дица хІукму гьабизе кколеб? Дица «уйилан» абуни, «гурилан» абураб магІнайищха гьелъул кколеб? 18АллагьасхІаги, нижеца нужеда абичІо цин «уйилан», цинги «гурилан». 19Жиндир хІакъалъулъ нижеца – дицаги, Сильваницаги, Тимофейицаги – нужеда Рохалил хабар бицарав ГІиса МасихІица, ай Аллагьасул Васас, киданиги абичІо цин «уйилан», цинги «гурилан». ГІицІго «у» букІана гьесулъ. 20Аллагьас рагІи кьурабщиналъул рахъалъ гІицІго «у» гурищ гьесулъ батараб. Гьединлъидалин, МасихІил цІар рехсон Аллагь кІодо гьавулаго, нилъеца «амин» абулеб. 21-22ГІиса МасихІиде цолъизарун нижги нужги къвакІизарулев Аллагьас нилъ тІаса рищана, абадияб гІумруялъул гІаламатлъун Илагьияб РухІги нилъер ракІазулъе рещтІинабуна.
23АллагьасхІагийилан ва дирго гІумруялхІагийилан гьедулев вуго: нужеца гьабуралда рекъараб рагІи нужеда хІунсизе бокьичІогойин дун тІокІав Коринфалде вачІинчІев. 24Нужер божи-иманалда тІад тарал хъаравулзаби гурелъулха ниж, нужер рохелалъе квербакъулел чагІийин! Нужер божи-иманин абуни, щулалъун буго.

 

2 бетІер

 

1Дица хІукму гьабуна, дун вачІунилан нужее квеш кколеб батани, гьанже нужехъе вачІинчІого чІезе. Нуж пашманлъизаризе бокьун гьечІо дие. 2Нуж пашманлъизаруни, дица пашманлъизарураз гурони, лъица дун вохизавилев? 3Дица доб кагъат хъван букІана нужехъе вачІараб мехалъ, вохизавизе кколез дун пашманлъизавизе бокьичІого. Дир ракІчІола, дун вохун вугони, нуж киналго рохизе рукІиналда. 4Доб кагъат хъвалеб мехалъ дун цІакъ пашманго вукІана: ракІги къварилъун букІана, бераз магІуги тІолеб букІана. Нуж пашманлъизаризе гуреб, нужеде бугеб дир рокьул гьарзалъи бихьизабизейин дица доб кагъат хъван букІараб.

 

ГІайиб ккарасдасаги тІасалъугьа

 

5Дун пашманлъизавунилан нужеда ракІалде ккарав чияс дун гуро пашманлъизавурав. Гьес цодагьалго пашманлъизаруна нуж киналго, гьелъул хІакъалъулъ тІокІаб бицине бокьун гьечІо дие. 6Нужер гІемерисез гьабураб тамихІги гІела гьев чиясе. 7Гьанже, тІасаги лъугьун, гьесул ракІбатизабизе ккела нужеца, – цІакъго пашманлъун, тату хунгутІизе. 8Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго: гьевги нужее вокьулевлъи бихьизабе гьесда. 9Нужер хІалбихьизе ва сундулъго дие мутІигІал ругищалиги лъазе хъван букІана дица доб кагъат. 10Нуж тІасалъугьарасдаса дунги тІасалъугьуна. Дун тІасалъугьунев вугони (тІасалъугьине рекъараб жоги бугони), МасихІги нугІлъун гьавун, тІасалъугьуна дун – нужее пайдаялъе. 11Дица гьедин гьабула, илбисалъ нилъго гуккунгутІизе, – гьелъул къасдал лъаларел чагІи гурелъулха нилъ.

 

Павел чапарасул хъулухъ

 

12МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабизе дун Троадаялде вачІараб мехалъ, ТІадегІанас дие нуцІа рагьун батана. 13Амма дир ракІ гІодобе биччалеб букІинчІо дир диналъул вац Тит гьенив ватичІелъул. Гьединлъидал, гьенир ругезе къолъикІги гьабун, дун Македониялде ана.
14МасихІил бергьенлъиялъул байрамалде ниж рачунев Аллагьасе рецц! Аллагьас ниж ритІула, махІ гьуинаб нахул кьеккен гьабулеб гІадин, МасихІил хІакъалъулъ киса-кибего лъазабизе. 15Хвасарлъулезеги холезеги ниж руго – МасихІица Аллагьасе къурбанлъун кьеккен гьабулеб гьеб махІ гьуинаб нах. 16Холезе ниж руго – хвалил махІ, хвасарлъулезе ниж руго – чІаголъиялъул гьуинаб махІ.
Гьеб нижее бугеб тІадкъай тІубазабизе щал ярагьунел? 17Аллагьасул рагІабийилан гьерсалги рицун, цогидал гІемерисел гІадин гІиси-бикъинаб дармиде машгъуллъуларелъулха ниж! Аллагьасул чапарзаби ругелъул, Аллагьасда рагІулеб бугеб гІадин, МасихІидеги цолъун, ракІбацІцІадго бицуна нижеца Рохалил хабар.

 

3 бетІер

 

ЦІияб къотІиялъул Нур

 

1Ниж щал чагІияли нужеда гьанжеги бихьизабизейищ ниж кІалъалел ругел? Цогидазе гІадин, нижее хІажат бугебищ ниж реццарал кагътал я нужехъе хъвазе, я нужеца хъван рачІине?
2Нуж руго – ниж реццараб кагъат! Нижер ракІазулъ хъван буго гьеб, киназдаго лъазе, киназго цІализе! 3Щакъиялъ гуреб, хІакъав Аллагьас битІараб РухІалдалъун МасихІица хъван, нижеца босун бачІараб кагъатлъун ругеллъи бихьизабуна нужеца. ГанчІил къаназда гуреб, инсанасул рекІеда хъвараб кагъатин гьеб.
4МасихІидалъун Аллагьасде кІудияб божи-иман бижун буго нижер рекІелъ. 5Сундуениги ярагьунел чагІи ниж ругилан абизесеб гьунар гьечІо нижелъ, кинабго Аллагьасдасан щвараб буго. 6Гьес лъугьинаруна ниж ЦІияб къотІиялъе хъулухъ гьабизе ярагьунеллъун. ЦІияб къотІиялъул аслу-кьучІ хІарпазулъ гуро бугеб, РухІалъулъ буго. ХІарпалъ хвезарула, РухІалъ чІаголъизарула!
7Къанун хъван букІана ганчІил къаназда. Аллагьас гьеб рещтІинабулеб мехалъ илагьияб Нур гвангъана, гьеб дагьабго заманаялъ загьирлъун букІаниги, Исраилил халкъалда кІвечІо гьеб Нуралъ гвангъизабураб Мусал гьурмахъ ралагьизе. Хвалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани, 8Илагьияб РухІалъ чІезабураб къотІиялъул Нур кигІан кутакабха букІинеб? 9ТамихІалде рачунеб Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьединаб гвангъараб букІараб батани, инсан ритІухъ гьавулеб РухІалъул Нур кигІан кутакабха букІинеб? 10Кидаялиго Къанунгун цадахъ рещтІараб Нур гьанже тІубанго тІагІун буго, гьелдасаги гІемерго гвангъараб Нур хІакълъунго ракьалде рещтІун бугелъул! 11Дагьабго заманаялъе рещтІараб Нур гвангъун букІараб батани, гьелдаса гІемерго цІикІкІун гвангъула абадияб Нур.
12Гьеб киналдего хьул лъезе рес бугелъул, рагьун ва хІинкъичІого кІалъала ниж. 13Ссун унеб ва цебеса тІагІунеб Нур Исраилил халкъалда бихьичІого букІине гьумер пардавалъ бахчарав Муса гІадин гурелха. 14РакІбицалъун букІана гьезул. Жакъа къоялде щвезегІанги, НекІсияб къотІиялъул ТІухьдул цІалулеб мехалъ, гьеб пардав букІуна гьезул гьурмазда цебе. ВачІун МасихІицалъидал гьеб бахъун рехулеб. 15Жакъа къоялде щвезегІанги, Мусал Къанун цІалулеб мехалъ, гьеб пардавалъ бахчун букІуна гьезул ракІги. 16Амма инсан БетІергьанасдехун вуссиндал, гьес бахъун рехула гьеб. 17Гьаниб БетІергьан абураб рагІул магІна ккола Илагьияб РухІ. Аллагьасдасан бачІараб РухІ бугеб бакІалда эркенлъиги букІуна! 18Пардавалъ гьумер бахчичІого, матІуялъуре гІадин, ралагьула ниж БетІергьанасул гвангъараб Нуралъухъ. Нижелъ гьеб Нур дагь-дагьккун гвангъидал, нижги лъугьуна гьесул сипатлъун. Гьеб кинабгоги лъугьуна жинда РухІилан абулев БетІергьанасдасан.

 

4 бетІер

 

Илагьияб Нур кин загьирлъулеб

 

1Гьединлъидалин, Аллагьасул цІоб лъун, Рохалил хабаралъе хъулухъ гьабизе божун тарал нижеца рачел чучулареб. 2Нижеца рехун тана гІадамазда рихьизе, рагІизе нечарал ишал, хІилла-макруялдалъун щивниги гуккуларо, Аллагьасул рагІиялъул бакІалда гьерсал рекъезаруларо. Рагьун киназего хІакъабщиналъул бицунаго, ниж Аллагьасда цере чІола, ниж щалали ва кинал чагІияли халкъалда рихьизе. 3Гьедин бугониги, нижеца бицунеб Рохалил хабар гІемерал гІадамазе, пардавалъ гІадин, бахчун буго. Гьеб бахчун буго гІицІго хвалде унезе, 4гьаб дуниялалъул кверщел кодоб бугеб илбисалъ ракІ бецлъизабуразе, – Аллагьасул суратлъун вугев МасихІил къудраталъул хІакъалъулъ Рохалил хабаралъул Нур гьезда бихьунгутІизе. 5Нижерго хІакъалъулъ Рохалил хабар гурелъулха нижеца бицунеб бугеб, ГІиса МасихІ нилъер ТІадегІанав вугиланлъидалха. Нижни руго ГІиса МасихІие гІоло нужее хъулухъ гьабулел гІадамал. 6НекІо бецІлъи бачахъизе канлъи бижарав Аллагьас гьеб канлъи нилъер рекІелъеги лъугьинабуна. ГІиса МасихІил гьурмалъ гвангъараб Илагьияб Нур нилъее загьирлъизелъун гьабуна гьес гьедин.
7Хазина жаниб цІунарал гьадингоял щагІил рагІазда релълъун руго ниж. Нижелъ загьирлъараб цІакъго цІикІкІараб къудрат, нижедасан гуреб, Аллагьасдасан бугеблъи бихьуларищ гьелдасан?
8Киналго нижеде тІаделъун руго, амма нижее рорчІизе бакІ хутІун буго. Ниж рес къотІун руго, амма хьул къотІун гьечІо. 9Нижее гІадамаз гІазаб-гІакъуба кьолеб буго, амма Аллагьас ниж рехун тун гьечІо. Ниж гІодор ккезарун руго, амма къун гьечІо. 10ГІисал хвел нижеца кидаго нижерго чорхолъ чІезабула, гьелдаго цадахъ нижер чорхолъ ГІисал гІумруги загьирлъизе. 11ЧІаго ругебгІан мехалъ, ниж ГІисае гІоло хвезарулел руго. Нижер чурхдул хвалие мутІигІлъаниги, гьезулъ загьирлъула ГІисадалъун насиблъулеб абадияб гІумру. 12Гьедин нижелъ хвел хІалтІулеб буго, нужелъин абуни, гІумру хІалтІулеб буго.
13«Дун божана ва гьединлъидал дица бицана», – ян ТІухьдузда хъвараб гІадинаб божи-иман кьураб РухІ нижелъ бугелъул, ниж божун руго, божун ругелъул бицунебги буго. 14Нижеда лъала ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурас, ГІисада цадахъ рахъинарун, нижги нужги Жиндаго цере чІезаризе рукІин. 15Гьеб кинабго гьабулеб буго нужее гІоло, Аллагьасул баркат цІикІкІун чиясда лъунагІан, гьез цІикІкІинабулеб бугелъул Аллагьасе гьабулеб реццги.

 

Божи-иманалда рекъонин хьвадизе кколел

 

16Гьединлъидалин ниж ракІ гІодоб чІван рукІунарел. Нижер чорхол чІаголъи дагь-дагьккун чІунтулеб бугониги, рухІияб чІаголъи щибаб къоялъ цІилъулебго цІилъулеб буго. 17Гьаб тІадагьаб, дагьаб заманаялъулаб гІазаб-гІакъубаялъ нижее къачІалеб буго гьелда данде ккун кутакалда цІикІкІараб абадияб нигІмат. 18Беразда бихьулебаб гуреб, бихьуларебаб гІадахъ босулеб буго нилъеца. Беразда бихьулебаб – тІаса унелъул, бихьуларебаб – абадияб бугелъул!

 

5 бетІер

 

1Гьаб панадуниялалда нилъ чІолеб бакІ биххараб мехалъ, Аллагьас нилъее рукъ кьезе бугеблъи лъала нилъеда. Зобалазда бугеб инсанасул квераз гьабичІеб абадияб рукъин гьеб. 2Гьанир ругебгІан заманаялъ пашманго зигардула нилъ, нилъее бокьун букІуна гьеб зобалазул рокъоре лъугьине. 3Гьаб дуниялалда сундасаго махІрумлъаниги, рукъ гьечІого хутІиларо нилъ гьенир. 4Гьанир ругебгІан заманаялъ къварилъахъдула нилъ. Гьаб панадуниялалда нилъер бугеб черхалдаса махІрумлъизе бокьиялъ гуребха, зобалазда нилъер букІунеб черх щвезе бокьиялъин. Холеб черх холареб черхалъ хисун гІумру бергьина гьебмехалъ. 5Илагьияб РухІ аманатлъун нилъее кьурав Аллагьас гьелъиейин нилъ тІаса рищарал.
6Гьединлъидал нилъ сункьаниги киданиги хІинкъулареллъун лъугьун руго. Нилъеда лъала, гьанир рокъор – нилъерго чорхолъ – ругебгІан заманаялъ, нилъ ТІадегІанасдаса рикІкІад рукІин. 7Беразда бихьулелда рекъон гуреб, божулелда рекъонин нилъ хьвадулел ругел. 8Сункьаниги киданиги хІинкъулареллъун лъугьун ругелъул, нилъее лъикІаб букІинаан, нилъерго чорхолъа къватІиреги лъугьун, ТІадегІанасда аскІоре гочине. 9Гьединлъидалин нилъее бищунго бокьулеб – гьаб дуниялалда гьесдаса рикІкІад рукІаниги, ахираталда аскІор рукІаниги – ТІадегІанав нилъедаса разилъизе. 10РухІ чорхолъ букІаго щивав чияс гьабураб лъикІлъиялъухъ шапакъат щвезеги квешлъиялъухъ тамихІ гьабизеги нилъ киналго МасихІил судалда цере чІезе ругелъулха.

 

Аллагьас МасихІидалъун гІалам Живгун рекъезабуна

 

11Аллагьасукьа хІинкъи щиб жояли лъайдал, нижеца хІаракат бахъулеб буго цогидаздаги гьеб лъазабизе. Ниж щал чагІияли Аллагьасда лъала. Дида ракІалде ккола нужедаги кІвеларин ниж щалали лъаларин абизе. 12Ниж щал чагІияли бихьизабизе гуро гьеб такрар гьабулеб бугеб. Жидерго рекІелъ бугеб бахчун, бералда бихьулебаб рихьдаего цебе рехизабун, жидеего рецц-бакъ гьабулел гІадамалги руго гьенир. Нижеца гьедин абулеб буго гьединал гІадамазе жаваб кьезе нужее бигьалъизе ва нижедаса чІухІизе нужее рес букІинеги. 13Биччанте ниж гІантлъун ругилан абизе. Нижеца Аллагьасе хъулухъ гьабулеб бугелъулин гьез гьедин абулеб бугеб. ЦІодорго ругеб мехалъ гьабураб – гьеб нужее гІоло буго. 14МасихІил рокьиялъул кверщаликь руго ниж. Нижеда бичІчІана киназего гІоло цо Чи хваравлъи. Гьесда цадахъ киналгоги хун руго. 15Гьев хвана киназего гІоло, цинги чІаго ругелаз гІумру жидеего гІоло гьабичІого, – жидее гІоло хварасе ва хваралъуса вахъинавурасе гІоло гьабизе.
16Гьанжеялдаса хадуб нилъеца лъиениги къимат кьезе бегьуларо гІадамазул гІакълу-пикруялдалъун. Цере нилъ МасихІихъги ралагьулел рукІарал ратани гІадамазул бераздалъун, гьанже тІокІаб гьабулеб гьечІо нилъеца гьедин. 17МасихІиде цолъарав чи ккола цІидасан вижарав чи. Басрияб ана-хвана, гьале цІияб тІаде гІунтІана. 18МасихІидалъун нилъ Живгун рекъезарурав ва цогидалги нужеца Живгун рекъезареян нилъее амру гьабурав Аллагьасдасан буго гьеб кинабго. 19Аллагьас МасихІидалъун Живгун рекъезабуна тІолабго гІалам, гьезул мунагьалги рикІкІинчІо Гьес. ГІадамал рекъезареян амруги гьабуна Гьес нилъее.
20Ниж руго МасихІил вакилзаби ва Аллагьас нижер кІалдисан кІалъан гІадамазде ахІулеб буго Жинде руссаян. МасихІил цІар рехсон гьарулеб буго нижеца Аллагьгун рекъе нужилан. 21Мунагьго гьечІевав нилъер мунагьалъе гІоло къурбанлъун гьавуна Аллагьас, – гьесдалъун нилъеде Аллагьасдасан ритІухълъи рещтІинабизе.

 

6 бетІер

 

1Аллагьасда цере хІалтІулаго нижеца нужеда гьарулеб буго: Аллагьас нужеде рещтІараб баркат гІадада хвезе тогейилан. 2Гьес абун бугелъул: «Болжал щвараб заманалда дур гьари-дугІа къабул гьабуна Дица, мун хвасарлъизе хъван букІараб къоялъ дуе кумекги гьабуна Дица», – ян. Гьале гьанже бачІун буго доб болжал щвараб заман, бачІун буго нилъ хвасарлъизе хъван букІараб къо! 3Нижеца лъиениги квекІен гьабуларо, – Аллагьасе гьабулеб хъулухъалда лъицаниги гІайиб чІвангутІизе. 4Гьелъул гІаксалда, нижеца гьабулебщиналдалъун бихьизабула Аллагьасе хъулухъ гьабулеб букІин: кІудияб сабруялда хІехьола балагьал, къварилъаби, гІазабал, 5тІилица рухи, туснахъалда тІами, питнаби, захІматаб хІалтІи, макьу тей, кІалкквей. 6Нижелъ буго рацІцІалъи, лъай-гІакълу, сабру, ракІлъикІлъи, Илагьияб РухІ, унго-унгояб рокьи, 7хІакъаб рагІи ва Аллагьасдасан бачІараб къуват. Нижер кваранабги квегІабги хъатикь буго ритІухълъиялъул ярагъ. 8Нижер хІурматги гьабула, ниж хІакъирги гьарула. Ниж какула, ниж реццула. Нижеца гуккулел ругилан абула, амма нижеда божизе бегьула. 9Нижер цІар тІибитІун гьечІо, амма киназдаго ниж лъала. Ниж хванилан рикІкІуна, амма ниж чІаго рукІин бихьулеб гьечІищ! Суд гьабун ниж рухана, амма чІвазе кІвечІо. 10Ниж къварид гьарула, амма ниж рохун рукІуна. Ниж мискинго руго, амма нижеца гІемерал гІадамал бечелъизарула. Нижер щибниги гьечІо, амма кинабгоги нижеда кодоб буго.
11Нижер кІутІбуз, коринфиял, битІараб бицуна нужеда, нижер ракІалги нужее рагьарал руго. 12Нижеца гуро нужедаса ракІалда бугебщинаб бахчулеб бугеб, нужецайин ракІалда бугебщинаб нижедаса бахчулеб бугеб. 13Дирго лъималазда гІадин гьарулеб буго дица нужеда: нужецаги ракІал рагье нижее.

 

Нилъ руго Аллагьасул мукъадасаб рукъ

 

14Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? 15МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? 16Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. 17– Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге». 18Цоги: «Дица нуж дихъего рачина, нужее эменлъи гьабила, нужги Дие васаллъунги ясаллъунги рукІина, – ян абулеб буго Къудратав БетІергьанас».

 

7 бетІер

 

1Нилъее гьедин рагІи кьун бугелъул, дир хириял, хІарамабщиналдаса бацІцІад гьабилин нилъерго черхги рухІги! Аллагьасукьа хІинкъун, гьеб рацІцІалъиги камиллъизабилин! Павел коринфияздаса рази вуго
2Нужерго ракІал рагье нижее. Нужер цониги чиясе квешлъи гьабичІо нижеца, цониги чиясул магІишат биххизабичІо, цонигиясдалъун нижгоги бечелъичІо. 3Нужеда гІайиб чІвазе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Цебеги абун букІана: нуж нижер ракІазулъ рукІина ниж хваниги-рахъаниги. 4Дун нужеда цІакъ божун вугевха! Дун нужедаса цІакъ чІухІун вугевха! Гьаб кинабго гІазаб-гІакъуба бугониги, дун цІакъ чІаголъиялда вуго! ЦІун тІасан чвахулеб рохелги буго рекІелъ!
5Гьанире Македониялде рачІараб мехалъ, рахІат-хІалхьи толеб букІинчІо нижее. Кирехун руссаниги, балагь батулаан цебечІун, – къватІисан тІаделъиги, жаниб рекІелъ хІинкъиги. 6Язихъал-пакъираздаги кверчІвалев Аллагьас кверчІвана нижеда, Титги гьаниве витІун. 7Гьев вачІиналдаса гуребги, нужеца гьесда кверчІванилан бициндалги вохана. Гьес бицана, нуж диде ракІщун ругилан, дандеккунгутІи сабаблъун къварид ругилан, кІудияб гъира-шавкъалда нужеца дир рахъ кколебги бугилан. Дагьавги цІакъ вохана дун гьелдаса. 8Дир кагътица нуж пашманлъизарун ратаниги, гьанже дир ракІбухІун гьечІо гьеб хъваялдаса. Доб мехалъ ракІбухІун букІараб батаниги, дида бихьана гьеб кагътица нуж цо дагьабго заманаялъгІаги пашманлъизарураллъи. 9Амма гьанже гьелдаса вохун вуго. Нуж пашманлъиялдаса гуроха дун вохун вугев, гьелдалъун нуж кантІиялдасайин. Гьеб пашманлъи Аллагьасдасан бугелъул, нижедасан нужее щибго зарал-зиян ккун гьечІогури. 10Аллагьасдасан бугеб пашманлъиялъ кантІизарула, хвасарлъизарула. Гьелдаса ракІбухІизеги кколаро. Амма гьаб дуниялалъул пашманлъиялъ хвалде рачуна. 11Халгьабеха гьеб Аллагьасдасан бачІараб пашманлъиялъ нужелъ гъира-шавкъ бижизабураб куцалъухъ! Нужго рацІцІалъизе бахъараб хІаракаталъ, мунагь гьабурасдехун ццидал кутакалъ, гьелда хурхун букІараб ахІи-хІуралъ, дун вихьизе бугеб урхъиялъ, гІайиб ккарасе гьабураб тамихІалъ, – гьеб киналдалъунго нужеца бихьизабуна нуж гьеб ишалъулъ рацІцІадал рукІин. 12Дица доб кагъат нужехъе хъван букІаниги, гьеб хъван букІинчІо жиндие зарал гьабурав чи яги жинца зарал гьабурав чи сабаблъун. Гьеб хъван букІана Аллагьасда цебе нижедехун кинаб рокьи нужер бугебали нужедаго бичІчІизе. 13Гьелъ нижер ракІбатизабуна. Гьелъ ракІбатизабун ниж ругеб мехалда, дагьабги ракІбатизабуна Титги нужедаса вохун вукІин лъайдал. Гьесул рекІелъа ургъел бачахъун буго нужеца киназго. 14Дица нуж гьесие цІакъ реццун рукІана, гьеб сабаблъун нечезе ккечІо дун. Нижеца нужеда бицарабщинаб битІараб букІарабго гІадин, нуж реццун нижеца Титида бицун букІарабги битІараб батана. 15Нужехъе жив вачІараб мехалда нужер букІараб хІинкъиги, сородиги, мукІурлъиги ракІалде щун, гьанже Титие жеги цІикІкІун рокьулел руго нуж. 16Дун вохун вуго тІубанго нужеда божизе бегьулеб букІиналдаса.

 

8 бетІер

 

Иерусалималъул иман лъуразул агьлуялъе садакъа

 

1Нижее бокьун буго, вацал, Македониялда ругел иман лъуразул агьлуялда Аллагьас баркат лъун бугеблъи нужеда лъазе. 2ГІазаб-гІакъуба хІехьезе ккун хадуб гьарзаяб рохелги кутакаб мискинлъиги насиблъарал гьезулъ сахаватлъи цІикІкІана, цІадалдаса хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин. 3РакІ разилъун гьез садакъаби кьуна (дир беразда бихьана гьеб) жидеда кІварабгІанги, хІатта гьелдаса цІикІкІунгицин. 4Гьез кутакалда гьарулеб букІана нижеда Аллагьасе хирияб халкъалъе жидецаги кумек гьабизе биччайилан. 5Нижеда ракІалдацин букІинчІо гьез гьедин абилилан. Гьез жидерго кверщел тІоцебе ТІадегІанасухъе кьуна, цинги Аллагьасул амруялдалъун нижехъеги кьуна. 6Гьединлъидал нижеца Титида гьарулеб буго нужер гьениб гьес гьабизе байбихьараб баркатаб иш рагІалде бахъинабейилан. 7Нужелъ кинабго гьарзалъун буго: божи-иманги, кІалзул пасихІлъиги, гІелму-лъайги, сундулъго хІаракатги, нижедехун нужер рокьиги. Гьеб баркатаб ишалъулъ щибго камун хутІугеги нуж.
8Амру гуро дица гьабулеб бугеб. Цогидазул хІаракаталъулги бицун, дица халгьабулеб буго вацаздехун нужер рокьи унго-унгояб бугищали. 9Нужеда лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидасан щолеб баркат. Бечедав вукІаниги, нужее гІоло мискинлъана гьев, – гьесул мискинлъи сабаблъун нуж бечелъизе.
10Гьеб ишалъул рахъалъ дица нужее гьадинаб гІакълу кьела: гъоркьиса байбихьараб хІалтІи гьанже рагІалде бахъинабун лъикІ нужеца. Гьеб тІоцебе байбихьарал чагІиги нуж руго, гьеб гьабизе тІоцебе бокьарал чагІиги нуж руго. 11Доб мехалда букІараб гІадинаб гъира-шавкъалда, нужерго ресалда рекъон, рагІалде бахъинабе нужеца гьеб иш. 12Садакъа кьезе ракІалда бугев чияс гьеб жиндир ресалда рекъон кьейилан абула Аллагьас, рес гьечІони, кьезе кколарила гьес гьеб. 13Нужер гьодида бакІаб гьирги лъун, цогидазе бигьалъи гьабизе гуро дица гьедин абулеб бугеб. Ращалъи букІине кколин абизе бокьун буго дие. 14Нужее гьанже щибго гьарзалъун бугеб мехалда, язихъ ругезе нужеца кумек гьабуни битІун букІинарищ? Нуж язихъго ругеб мехалда, гьезие гьарзалъи щвани, гьезги гьабила нужее кумек. Гьеле гьедин ращалъила нуж. 15ТІухьдузда хъван бугелъул: «ГІемераб бакІарарасул щибго тІокІлъичІо, дагьаб бакІарарасе щибго камичІо», – ян.
16Нужее кумек гьабизе гьединабго гъира-шавкъ Титил рекІелъе лъугьинабурав Аллагьасе рецц! 17Нижеца гьарараб гьабизе разилъи гуребги, гьесие жиндиегоги цІакъ бокьун буго нужехъе вачІине. 18Гьесда цадахъ нижеца витІулев вуго Рохалил хабар тІибитІизабиялъул рахъалъ иман лъуразул киналго жамагІатазда гьоркьов машгьурав нижер цо диналъул вац. 19Гьединго иман лъуразул жамагІатаз гьев вищун вуго, гьаб баркатаб иш тІубазабулаго, нижеда цадахъ кидаго сапаразда вукІине. ТІадегІанасул цІар-рецц цІикІкІинабизе ва нужее кумек гьабизе ниж хІадурал рукІин бихьизабизе тІаса вищарав чи вуго гьев.
20Гьарзаго щолеб бугеб садакъа нижеда божун тезе бегьуларилан лъицаниги абизе бокьун гьечІо нижее. 21ТІадегІанасда цебе гуребги, гІадамазда цебеги гІайиб чІваларедухъ рукІине бокьун буго.
22Гьел кІияздаго цадахъ витІулев вуго нижер цоги вацги. БатІи-батІияб ахІвал-хІалалда чанцІулго хІалбихьун лъана нижеда вацазе кумек гьабизе гъира-шавкъалъул цІурав чи гьев вукІин. Гьанже гьесул нужеде божилъи цІикІкІун бугелъул, гьелдаго цадахъ цІикІкІун буго гьесул гъира-шавкъги.
23Титил рахъалъ абуни, гьев вуго дир гьалмагъ ва нужее хІалтІулев чи. Цогидал вацалин абуни, гьел руго иман лъуразул жамагІатаз ритІарал чагІи, – МасихІил цІар-рецц цІикІкІинабулел чагІи. 24ХІасил, иман лъуразул жамагІатазда бихьизабе нужее гьел чапарзаби рокьараллъи ва нижеца нуж гІадада реццун рукІинчІеллъи.

 

9 бетІер

 

1Аллагьасул халкъалъе кумек гьабизе кколеблъи дица хъвачІониги бегьила. 2Нужер гъира-шавкъ букІин лъайдал, македониязеги реццана дица нуж, гъоркьисаялдаса нахъего Ахая кумекалъе хІадурго бугилан. Нужер гьеб гъира-шавкъалъ квербакъана гьезул гІемерисезги чода цІал кьабизе. 3Гьеб мехалъ нуж хІадурго рукІина, дица цебеги бицун букІана гьелъул хІакъалъулъ. Гьеб ишалъулъ дица нуж реццун абурал рагІаби гІадада ккечІого рукІинелъун ритІулел руго нужехъе гьал диналъул вацал. 4Цинги, дида цадахъ македониял гьенире рачІараб мехалъ, нуж хІадурго ратичІони, гьезда цере нуж сурарал гІечІого, нижги сурила, – ракІчІун нужеда божун рукІиндалха. 5Гьединлъидал дица хІукму гьабуна гьал вацазда гьаризе, дидаса цере гьенире ун, нужеца рагІи кьун букІараб садакъа гьениб цебеккунго бакІареян. Гьеб букІина хІалица бахъараб гуреб, ракІ разилъун кьураб садакъа.
6КІочон тоге: лъедерго хьон хьарасе лъедерго бижула, ризго хьарасе ризго бижула. 7Щивас кьезе биччай гьесул ракІалъ къабул гьабураб къадаралда. Бокьун гурони кьоге, кьун хадуб ракІбухІуге. РакІ разилъун кьолев чи вокьула Аллагьасе. 8Аллагьасда кІола нужее кинабго гьарзалъуледухъ ва садакъаде кьезеги тІокІлъуледухъ баркат рещтІинабизе. 9ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Мискиназе квергІатІидав вуго Аллагь, гьесул гьеб лъикІлъи гІадамазда абадиялъ кІочон толаро», – ян.
10Хуриб хьазе хьонги кваназе хинкІ-чедги кьолес нужееги кьела къваригІарабщинаб. Нужер лъикІлъиялъул хурги цІун бачІина. 11Кинабго рахъалъ бечелъила нуж, нужер сахаватлъиги цІикІкІина. Нижедасан нуж ругьунлъараб сахаватлъи сабаблъун гІемерал гІадамаз Аллагьасе рецц гьабила. 12Аллагьасе хирияб халкъалъе пайдаги кьела нужер садакъаялъ, гьелъухъ Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина, цІад бан хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин. 13Гьеб садакъаялъ бихьизабила нужер божи-иман щулалъун букІин. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе, – нужеца иман лъураб хабаралъе нужер мутІигІлъиялъухъги жидееги цогидазеги нужер квергІатІилъиялъухъги Аллагьасе рецц гьабила гьез. 14Нужги рехсон, ракІ-ракІалъго гьари-дугІа гьабила гьез, нужелъ Аллагьасул баркат цІакъго цІикІкІун букІин лъан. 15Бицун хІалкІоларебгІан кІудияб баркат нилъеде рещтІинабулев Аллагьасе рецц!

 

10 бетІер

 

Павел чапарас живго ритІухъ гьавулев вуго

 

1Нужеда аскІов вугеб мехалъ хІинкъа-къалев, рикІкІалъараб мехалъ бахІарчияв чийилан цо-цояз жиндир хІакъалъулъ абулев дун – Павел – вуго нужедехун кІалъалев. 2МасихІил хІеренлъиялъе ва лъикІлъиялъе гІоло гьарулеб буго нужеда, гьениве вачІараб мехалъ бахІарчи вахъинавуге дир! Нужеда лъан букІа: дун гьединав бахІарчияв вукІуна гьал гІадамазул къагІидаялъ ниж хьвадулел ругин абулездехун. 3Гьаб дуниялалъул гІадамал ниж ругониги, нижеца гьабулеб рагъ гІадамазул гІадинаб гуро. 4Гьеб рагъулъ ниж гІадамазул гІадинаб яргъидалъун гуро рагъулел, ниж рагъула щулиял хъулбиги щущазарулеб гучаб яргъидалъун. Аллагьасдасан щвана нижее гьеб. 5Аллагь лъаялде дандечІаразул чІухІи-пахрулъиялъул хъулбиги щущазарула нижеца. Мекъаб-тІекъаб пикру-къасдги асирлъуде босула ва МасихІие мутІигІаблъун лъугьинабула. 6Нужер мутІигІлъи камиллъараб мехалъ, ниж хІадурго рукІина мутІигІлъуларевщинасе тамихІ гьабизе.
7Нужерго берда цебе бугелъухъ ралагье! Цо лъилниги ракІчІун батани жив МасихІил рахъ ккурав чи вугилан, гьес жиндаго гьикъейин абе гьесдаса дагьищ нижеца МасихІил рахъ кколеб бугебилан. 8Нужер гІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас нижее кьураб ихтияралъул рахъалъ рецц-бакъ дагьаб цІикІкІунеб бугеб батаниги, дун гьелдаса расги намуслъуларо. 9Гьадинал кагътал хъван, дица нуж гІицІго хІинкъизарулел ругилан ракІалде ккоге. 10Цо-цояз абулеб рагІула: «Кагътида хъвалеб жо кутакаб ва кьварараб букІуна, амма живго вачІараб мехалъ кІалъан бажаруларо, кІалдиб мацІги сах-саламат хІалтІуларо». 11Гьединав чиясда лъан букІаян абе ниж гьенир гьечІеб мехалъ нижеца кагътазда хъвалебщинаб гьенире рачІиндалги гьабулеблъи.
12Жалго берцин рихьизе хьвадулел цо-цо чагІазда нижго ращалъизаризе яги релълъинаризе гІураб бахІарчилъи гьечІо нижелъ! Жалго гІантал ругелъул, гьез жалго рорцунел руго жидерго роценаздалъун, цоял цоязда релълъинарулелги руго. 13Нижеца нижго реццила, роцадаса араб хІалалъ гуреб, нижерго роценги цІунун. Гьеб роценги буго Аллагьас нижее бихьизабураб гІорхъи. Нужги жанире рачуна гьеб гІурхъиялъ. 14МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабарги босун тІоцере нужехъе щварал чагІи нижлъидал, нужехъе рачІунаго гІорхъи бахине ккечІо нижеца. 15Нижер гІорхъи бахун къватІибехун чияца гьабуралдалъун реццаризеги лъугьунаро ниж. Нижер хьул буго нужер божи-иман цІикІкІинилан ва нижер хьонги хьан нужеца бекьараб хурги цІакъго гІатІилъилилан. 16Цинги ниж ина нужедасаги дорегІан ругел ракьазда Рохалил хабар тІибитІизабизе, гьезул хурзабахъ цогидаз гьабураб хІалтІиялдалъунги реццариларо. 17ТІухьдузда хъван буго: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!» 18Живго жинцаго тІадегІанлъизавурав чи муъминчилъун рикІкІунаро, БетІергьанас тІадегІанлъизавурав рикІкІуна.

 

11 бетІер

 

Павелги гьересичапарзабиги

 

1Дун цодагьав гІантмахІав вугониги, хІехьеха нужеца! ХІехьейилан гьарулеб буго нужеда! 2Рос-лъадуда гьоркьоб букІунеб гІадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачІараб щакдари буго дир рекІелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачІей бахІарай гІадин нуж цохІо вугев росасе – МасихІие кьезе. 3Амма дун хІинкъун вуго, хІилла-макруялдалъун борхьица ХІава къосинаюрай гІадин, МасихІидехун ракІбацІцІалъиги ритІухълъиги рехун теялдалъун нуж къосинилан. 4Нужехъе вачІун цо лъицаниги бицунеб бугони нижеца жиндир хІакъалъулъ бицун букІарав ГІиса гурев, гьез ГІисайилан абулев цогидав чиясул хабар, нуж гьелда божула; нужеде рещтІараб РухІ гуреб, цогидаб рухІалдаги божула; нужеца иман лъураб гуреб, цогидаб Рохалил хабарги бигьаго къабул гьабула. 5«ЧІахІиял чапарзабийилан» рикІкІунел чагІаздаса дун сундалъунниги къадарав гьечІилан ккола дида. 6Бицине кІалзул гьунар кІудияб гьечІониги, гІелму-лъай гІезегІанго цІикІкІараб буго дир. Кинабго рахъалдасан ва киналго ишазулъ бихьизеги гьабуна гьеб нужеда. 7Аллагьасдасан Рохалил хабар нужеда гьоркьоб тІибитІизабулеб мехалъ, дунго хІакъир гьавун, нуж кІодо гьарун, нужехъа щибго босичІогойилан гІайиб чІвазеги бегьула нужеца! 8Иман лъуразул цогидал жамагІатал «талавур гьаруна» дица, нужее кумекалъе гІарацги гьездаса тІалаб гьабун. 9Нужер гьенив вугеб заманалда дие гІарац хІажалъаниги, нужер гьодиде гьир бегизабичІо дица – дие хІажатабщинаб кьуна Македониялдаса рачІарал вацаз. ГьанжелъагІанги дица нужедаса щибго тІалаб гьабичІо, гьанжеялдаса хадубги гьабиларо. 10Гьелдаса бугеб чІухІиги дир рекІелъа, – дилъ бугеб МасихІил ритІухълъиялхІайилан гьедулев вуго дун нужее, – гьеб Ахаялъул киналго бакІазда цониги чиясда бахъизе кІвеларо. 11Щай? Дие нуж рокьуларелъулищ? Аллагьасда лъала гьеб.
12Дица гьанжелъагІан гьабулеб букІарабщинаб гьанжеялдаса хадубги гьабила, – жидецаги Аллагьасе хъулухъ нижеца гІадин гьабулеб бугилан жалго реццизе бокьарал гІадамалги ругелъул. Амма гьедин жалго реццизе нух кьеларо дица гьезие. 13Гьел руго гьересичапарзаби, яхІ-намус гьечІел хІалтІухъаби. МасихІил чапарзаби ругилан чІарал чагІи руго гьел. 14Гьелда хІикмалъизе ккеларо! Нуралъул цІурав малаикасухъего хІала илбисги. 15РитІухълъиялъул хъулухъчагІи ругилан илбисалъул рагьтІателал чІеялдаги хІикмалъизе ккелищ? Амма гьезул ишазда рекъараб тамихІги ахирги хІакъаб буго гьезие!

 

Павел чапарас живго веццулев вуго

 

16Цоги нухалъ абулеб буго: лъицаниги рикІкІунге дун гІантмахІав вугилан. Дун гІантмахІав ватаниги, дихъ гІенекке, дунго дицаго цодагьав веццилин. 17Гьанже дица абизехъин бугеб рагІи ТІадегІанасдасан бачІараб гуро. Жидедаго ракІчІун гІабдалзабаз жалго реццулел гІадин, дунго веццизе лъугьун вуго. 18Гьаб дуниялалъул ишаздаса чІухІун, гІемерисез жалго жидецаго реццулел гІадин, дицаги веццила дунго. 19Гьединалго гІакъилал гІадамаллъидал нужги, гІабдалзаби нужеца рази-ракиго хІехьолел руго. 20Нужеца хІехьолеб буго гьез нуж лагълъиялде ккезаруниги, гьез нуж талавур гьаруниги, гьез нужеда тІад кверщел гьабуниги, гьел нужедехун гІамалкІодого ругониги, гьез нужер гьурмалъ хъатал ралел ругониги. 21Гьединал ишазе, гьезул гІадин, нижер гьунар рекъечІилан нечезейищха ниж кколел? Сундасаниги чІухІун живго веццизе кІолев чи цониги ватани, дидаги кІола гьелдаса чІухІун дунго веццизе. (ГІантмахІав чи гІадин кІалъалев вуго дун гьанив!) 22ЖугьутІал рукІани щиб гьел? Дунги жугьутІав вуго. Исраилил наслу букІани щиб? Дунги гьебго наслуялъул вуго. Ибрагьимил зурият букІани щиб? Дунги гьеб зурияталъул вуго. 23МасихІие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? БетІер сверарав чияс гІадин абила дица: гьез гьабуралдаса цІикІкІун гьабуна дица гьеб. ЦІикІкІун хІалтІизеги хІалтІана, туснахъаздеги цІикІкІун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикІкІун хІал кІвеларо, хвалил бадивеги чанцІулго валагьизе ккана. 24ЖугьутІаздасан дие щуцІулниги насиблъана лъебералда ичІ-ичІ нухалъ гьодилъ цІал кьаби. 25Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана. 26ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи... 27ЗахІматаб хІалтІи, макьу гьечІел гІемерал сардал, ракъи-къеч, гІемераб заманаялъ ккураб кІал, квач ва хохораб ретІел... 28ТІаде жоялъеги щибаб къоялъ дида тІаде бегун буго иман лъуразул тІолалго жамагІатазул тІалаб-агъазги. 29Цо лъилниги тату хвани, гьесдаго цадахъ дирги тату холарищ? Цо щивниги къосинехъин вугони, – цІа рекІунарищ дида?
30Дунго веццизе ккани, дирго загІиплъи беццила дица. 31ТІадегІанав ГІисал Эмен – Аллагьасда (Жиндие рецц даимлъаясда) лъала дица гьереси бицунеб гьечІолъи. 32Дамаскалда Арета парччахІасул сардарас шагьаралъул киналго кавабазухъ хъаравуллъи чІезабун букІана дун кквезе, 33амма дун шагьаралъул къадалъ бугеб картІинисан гьагьинивги лъун гъоркье виччана ва гьесдаса хвасарлъана.

 

12 бетІер

 

Павелие лъугьарал илгьамал ва церетІамиял

 

1Диего рецц-бакъ гьабизе кколеб буго – дие пайда гьечІониги, гьанже бицинин ТІадегІанасдасан рукІарал илгьамазулги церетІамиязулги. 2Дида лъала МасихІиде цолъарав цо чи. Гьанжеялдаса анцІила ункъо соналъ цеве лъабабилеб зодове восун ун вукІана гьев. (Черхгун цадахъищ – дида лъаларо, гІицІго рухІищ – гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.) 3-4Дида лъала гьев чи алжаналъуве вачун ун вукІаравлъи. (Черхгун цадахъищ – дида лъаларо, гІицІго рухІищ – гьебги лъаларо, Аллагьасда лъала.) Гьениб гьесда рагІана лъицаниги абичІел ва инсанас абизеги бегьуларел рагІаби. 5Гьединав чиясда рекъараб буго живго веццизе, дида рекъараб гьечІо, дирго загІиплъи беццани гурони. 6Дунго веццизе байбихьаниги, гІантмахІавлъун лъугьинаро дун, дица битІараб бицунелъул. Дир хІакъалъулъ рагІарабги дилъ бихьарабги гурони гІадамаз бицине бокьун гьечІелъул, диего рецц-бакъ гьабиларо дица. 7Диеги илгьамал лъугьанилан дун цІакъго чІухІдарунгутІизе, Аллагьас дир чорхолъ къазабун буго гІазаб-гІакъубаялъул заз. Гьеб ккола илбисалъул чапар. ЧІухІдарунгутІизелъун дун вухизе изну кьун буго Аллагьас гьев чапарасе. 8Дица лъабцІулго гьарана ТІадегІанасда, гьев тІаса восейилан. 9Амма Гьес абуна: «Дидасан бугеб баркатги гІела дуе, загІиплъиялъулълъидал дир къуват камиллъулеб». Гьединлъидал дагьабги цІикІкІун беццила дица дирго загІиплъи, МасихІил къуват дилъго хутІизе. 10МасихІие гІоло загІиплъизеги, инжит-хІакъир гьавизеги, захІмалъи баччизеги, хадурчІун дир рахІат хвезабулезул гІазаб-гІакъуба хІехьезеги рази вуго дун, – загІиплъараб мехалълъидалха дун къуватавлъун лъугьунев.

 

Павелица бицунеб буго коринфиязде бугеб рокьул

 

11ГІантмахІав чияс гІадинал жал рицунел руго дица. Нужеца рицинаруна дида гьел. Нужедани лъазе кколаан дун кинав чи вугевали. Дунго щивго гурев чи вугониги, гьел «чІахІиял чапарзабаздаса» сундалъунниги къадарав гьечІо. 12Нужее загьирлъун рукІана хІакъав чапар вукІин лъазабулел жал: сундулъго сабру, мугІжизатал, гІаламатал ва Аллагьасдасан рещтІараб къуватги. 13ГІарац кьейилан нужер гьодиде гьир бегизабичІолъи гурони, иман лъуразул цогидал жамагІатазе гьабуралдаса батІияб мекъаб-тІекъаб жо щиб дица нужее гьабураб? Гьеб рехсараб «гІайиб» кканин, тІасалъугьа дидаса!
14Гьанже дида ракІалда буго лъабабизеги нужехъе вачІине. Гьебмехалдаги нужер гьодиде гьир бегизабиларо дица, нужераб гуро дие къваригІун бугеб, нужго къваригІун руго. Лъималаз гуро эбел-инсуе нахърател гьабизе кколеб, эбел-инсуца лъималазейин. 15Дун рази вуго дир бугебщинабги нужее кьезе, дунгоги кьезе. ГьадигІан цІакъ дие нуж рокьулеб мехалъ, нужее дун дагьго вокьизе бегьилищ?
16Нужедаго лъалагури, щибниги гьарун дица нужеда захІмат баччизабичІолъи. Амма цо-цояз абизе бегьула сихІирго хІалтІун хІиллаялъ кверде росанин дица нужилан. 17Дица нужехъе ритІаразул цоясдасангІаги щибниги щварабищ дир бетІербахъиялъе? 18Дица Титида гьарана нужехъе айилан ва гьесда цадахъ цо вацги витІана. Титица бегьарабищ нужер кисинибе квер? Цого Илагьияб РухІалъ малъухъе гурищ дунги гьевги хьвадулел ругел? Цого галаби гурищ нижеца тІамулел ругел?

 

КантІиялде ахІи

 

19Гьаб кагъат цІалулаго нужеца пикру гьабун батила нужеда цере нижго ритІухъ гьаризе лъугьунел ругин нижилан. Аллагьасда цере МасихІиде цолъун кІалъалел руго ниж. Нужер гІумру берцин гьабизе гІоло буго, дир хириял, гьеб кинабго. 20Дун хІинкъун вуго, – нагагь дун гьениве вачІани, дида ратизе бокьараб къагІидаялда нужги ратиларин, нужеда ватизе бокьараб къагІидаялда дунги ватиларин. Нужеда гьоркьоб дагІба-къец, щакдари, ццин, хъантІи, бугьтан, мацІ, чІухІи-пахрулъи ва гъалмагъир батилин хІинкъун вуго. 21Гьанжеги нужехъе вачІараб мехалъ нуж сабаблъун дир Аллагьас дун гІодовегІанлъизе гьавилиланги хІинкъун вуго. Гьебмехалда нужер гІемерисезда хадуб (хваразда хадуб гІадин) магІу гьабизе ккела дица. Гьел рукІина адаб гьечІолъи, пасалъи, хъахІбалъи гІадинал мунагьал гьаруниги, жал кантІичІел, гьел рехун течІел гІадамал.

 

13 бетІер

 

Ахирисел насихІатал

 

1Лъабабилеб нухалдаги вачІинехъин вуго дун нужехъе. ТІухьдузда хъван буго: «Лъилниги рагІи ритІухълъизе ккани, къваригІуна кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи». 2КІиабилеб нухалъ вачІараб мехалдаги лъазабун букІана, гьанже нужедаса рикІкІад вукІаго нахъеги лъазабулеб буго, гьел мунагьал рехун течІезе ва киналго цогидазеги гьаб нухалда гурхІел букІине гьечІилан. 3Нужеца тІалаб гьабулеб буго дун МасихІил кІалдисан кІалъалев вукІин чІезабейилан. МасихІ нужее загІипавлъун гуро загьирлъун вугев, нужеда гъорлъ жиндирго къуват бихьизабулеб буго гьес. 4ХІакъикъаталдаги загІипав вукІана гьев хъанчида ван вугеб мехалъ, амма Аллагьасул къудраталъ чІаголъизавуна. Гьесде цолъарал нижги загІипал руго, амма Аллагьасул къудраталдалъун нужеда гъорлъ нижги гьесда цадахъ чІаго рукІина.
5Нужер иман щулалъун бугищали хІалбихье. ГІиса МасихІ нужелъги вукІин бичІчІулеб гьечІебищ нужеда? Гьеб бичІчІулеб батичІони, Аллагь разилъун гьечІо нужедаса. 6Нижедаса Аллагь разилъун вукІин нужеда лъалилан хьул буго нижер. 7Нижеца Аллагьасда гьарула нуж квешлъи гьабизе риччагейилан. Нижедаса Аллагь разилъун вукІин чІезабизе гуребха нижеца гьеб гьарулеб. Нужеца лъикІлъи гьабуни гІела нижее, нижедаса Аллагь разилъун гьечІилан нужеда ракІалде кканиги. 8ХІакъабщиналде данде къеркьезе гуреб, гьелъие гІоло къеркьезейин нижелъ къуват бугеб. 9Ниж загІиплъун ругони, нужелъ къуват цІикІкІани, гьелдаса рохула ниж. Нижеца Аллагьасда гьарулеб жого нуж лъикІаб рахъалде рачейилан буго. 10ГІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас дие кьураб ихтияралда рекъон, нужер гьениве вачІун кьварараб тамихІ гьабизе ккунгутІизейин гьанив вукІун хъвалеб бугеб дица гьадин.

 

Кагътил ахир

 

11Кагътил ахиралдаги – роха-хинлъун рукІа, вацал, битІараб нухде русса, дица гьарарабги гьабе, цоцазулгун рагІи данде ккезабе, рекъа-решон рукІа, – рекъелги рокьиги рещтІинабулев Аллагьас рехун теларо нуж!
12Иман лъуразул агьлуялъ гІадин цоцазда баун салам гьабе. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъулги салам буго нужеде.
13-14ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІобги Аллагьасдасан рокьиги даимго хутІаги нужелъ. Илагьияб РухІалъ цолъизареги нуж.

 

Галатиязухъе кагъат

Галатиязухъе Павелил кагъат

 

ГьитІинаб Азиялъул Галатия улкаялда жинцаго гІуцІараб иман лъуразул жамагІаталде нилъер эраялъул І гІасруялъул 40-абилел соназул ахиралда Павел чапарас хъвараб кагъат буго гьаб. Гьеб жамагІаталъухъе рачІун рукІана Павелида дандечІарал гІадамал. Гьез абулеб букІана цогидал халкъазда гьоркьоса гІадамаз, жугьутІазго гІадин, Мусал къануналъул тІолалго тІалабал тІуразаризе кколилан. Павелица галатиязда ракІалде щвезабулеб буго Аллагьас инсан гьесул божи-иманалъухъ балагьун ритІухъавлъун рикІкІунин, Къануналъул рихьизариял тІуразариялдалъун гьев ритІухъавлъун лъугьунарин.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1-2ГІадамаз витІичІев, гІадамазул кумекалдалъунги витІичІев, живго ГІиса МасихІица ва хваралъуса гьев вахъинавурав Эмен – Аллагьас витІарав чапар Павелица ва цадахъ ругел киналго диналъул вацаз хъвалеб буго гьаб кагъат Галатиялда ругел иман лъуразул жамагІатазде. 3Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. 4Гьаб гІасияб гІасруялдаса нилъ хвасар гьаризе ва нилъер мунагьал чуризе, Инсул амруялдалъун, ГІиса МасихІица живго рецІалие кьуна. 5Нилъер Эмен – Аллагьасе абадул абадиялъго реццги цІарги! Амин!

 

Нуж цогидал «рохалил хабаралде» руссун руго

 

6Дун хІикмалъун вуго МасихІил баркаталдалъун иман лъезе нуж ахІарав Аллагь нужеца гьадигІан хехго рехун тедал. Нуж батІияб «рохалил хабаралде» руссун руго, 7хІакъикъаталда гьеб Рохалил хабар гуро. Цо-цо гІадамаз нуж ита-таризе гьарулел руго, ва гьез хІаракат бахъулеб буго МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар мекъса сверизабизе. 8Амма, нижеца лъазабураб гуреб, цогидаб «рохалил хабар» хІатта нижеца яги зодисан рещтІарав малаикас нужеда гьеб лъазабун бугониги, – абадиялъго нагІана батаги гьеб лъазабурасе. 9Нижеца цебеги абун букІана, гьале дица нахъеги абулеб буго: нужеца къабул гьабураб тун батІияб «рохалил хабар» нужеда лъазабурав чиясе абадиялъго нагІана батаги!
10Дидаса гІадамал разилъизе гуреб, Аллагь разилъизейин дица гьадин абулеб бугеб. ГІадамазда дунго лъикІ вихьизеги гуро. Цебего гІадин, гІадамазда лъикІ вихьизе жал дица гьарулел рукІаралани, дун МасихІил лагълъун вукІинароан.

 

МасихІица витІана дун чапарлъун

 

11Нужеда лъай, вацал, дица лъазабулеб бугеб Рохалил хабар гІадамаздасан бачІараб гуро. 12Инсанасдасан гурелъулха дихъе гьеб щвараб, инсанас малъунги щвечІо дихъе гьеб. Дие гьеб ГІиса МасихІица загьир гьабуна.
13Нужеда рагІанагури, жугьутІ диналда дун вукІараб мехалъ, дица гьарулел рукІарал жалазул хІакъалъулъ, – Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе гІасиго гІазаб-гІакъуба кьолаан ва гьеб щущахъ биххизабулаан. 14ЖугьутІ диналда вукІараб мехалъ дун цеве кколаан дир халкъалда гьоркьоса гІемерал гІелбащадаздаса. ЦІакъго-цІакъ цІунулел рукІиндалха дица дирго умумузул гІадатал! 15Амма эбелалъул ургьивго дун тІаса вищарас ва жиндир баркаталдалъун жиндие хъулухъ гьабизе дун ахІарас 16дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хІакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гІакълу дандбачІо. 17Дидаса цере чапарзабилъун лъугьарал гІадамал рихьизе Иерусалималдеги инчІо дун. Дун ана гІарабиязул ракьалде, цинги Дамаск шагьаралде тІадвуссана. 18Гьелдаса хадуб лъабго лъагІел сверидал, дун, Кефа[1] вихьизе бокьун, Иерусалималде ана. Гьесда аскІоб дица анцІила щуго къо бана. 19ТІадегІанав ГІисал вац Якъуб гурони, цогидал чапарзаби дида рихьичІо.
20ХІакъал рагІаби руго гьал дица нужехъе хъвалел. Аллагьасда лъала дица гьереси бицунеб гьечІеблъи.
21Цинги дун ана Сириялъул ва Киликиялъул ракьалде. 22Гьеб заманалда дун жеги вихьун вукІинчІо МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазда. 23ГІицІго цогидаз бицун лъалеб букІана гьезда цеве нилъеда дандечІун вукІарав чияс гьанже тІибитІизабулеб бугин доб мехалда жинца щущахъ биххизабизехъин букІараб дин. 24Дие ккарабщинабги рагІун, гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.

 

2 бетІер

 

Иерусалималда чапарзабигун дандчІвана дун

 

1Цинги анцІила ункъо соналдасан Барнабада цадахъ нахъеги Иерусалималде ана дун, Титги цадахъ вачана. 2Аллагьас айилан лъазабидал, ана дун гьениве. БатІи-батІиял халкъазда лъазабураб Рохалил хабар дица къо-асс бугелилан рикІкІунел гІадамазда бицана, батІаго гьелгун дандчІван. ГІадада ккечІодай дир чодул кІанцІи, пайда бахинадай гьанже кІанцІиялъулгиян абуна дица гьезда.
3Дида цадахъ вукІарав Титцин, гьев грекав вукІаниги, сунат гьабизе лъицаниги тІамичІо гьенив. 4Амма цо-цо «гьересиго вацал» дагьа-дагьалккун нижеда гъорлъе рорчІулел рукІана, МасихІ ГІисадасан щвараб нижер эркенлъи кинаб бугебали жасуслъи гьабизе ва ниж лагъзаллъун ккезаризеги бокьун. 5Рохалил хабаралъул хІакъаб магІна нужелъ хутІизелъун цо лахІзаталъгицин мутІигІлъичІо ниж гьезие.
6Амма къо-асс бугелилан рикІкІунел гьел гІадамаз, – дие батІалъи гьечІо гьел щал рукІун ратаниги, гьурмахъ балагьун иш гьабуларелъулха Аллагьас, – къо-асс бугелилан рикІкІунел гьел гІадамаз щибго тІаде жубачІо дица лъазабулеб букІаралде. 7Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин. 8ЖугьутІазда Рохалил хабар бицунеб мехалда Пётрилъ букІараб РухІ дилъги букІиндалха цогидал халкъазда Рохалил хабар бицунеб букІараб мехалда. 9Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине. 10Гьез цохІо жо гьарана нижеда, жидер мискинзаби кІочон тогеян, – гьелъиени дица кидагоги хІаракат бахъула!

 

Антиохиялда Пётрида дандечІун кІалъана дун

 

11Амма Пётр Антиохиялде вачІараб мехалъ, гІадамазда цеве гьесда дандечІун кІалъазе вахъана дун, гьениб гьес гьабидалха гІайиб чІвазе ккараб иш. 12Якъубица ритІарал гІадамал гьенире рачІиналде гьев кваналаан мажусиязда гьоркьоса иман лъуразда цадахъ гІодовги чІун. Гьел рачІун хадуса гьес байбихьана, жугьутІазда гьоркьоса иман лъураз жиндаго гІайиб чІвалилан хІинкъун, дозда аскІоса ватІалъизе. 13Гьесда цадахъ гьебго жо хІазе лъугьана цогидал жугьутІалги. ХІатта Барнабагицин лъугьана гьезухъего хІазе! 14Рохалил хабаралъул хІакъикъияб нухдаса гьел кьурулел рукІин бихьидал, киналго ругеб бакІалда дица Кефада абуна: «ЖугьутІав вугониги, мун цогидал халкъазул гІадамал гІадин хьвада-чІвадулев вуго. Дуца цогидал халкъазул гІадамал щай тІамулел ругел жугьутІазухъего хьвадизе?» – ян.

 

МасихІиде иман лъеялдалъун ритІухълъула гІадамал

 

15«Мунагьазул цІурал мажусияллъун» гурел, жугьутІаллъун рижун руго ниж. 16Амма нилъеда лъала Аллагьасда цеве инсан, Къанун цІуниялдалъун гурев, цохІо ГІиса МасихІиде бугеб божи-иманалдалъун ритІухълъулевлъи. Нилъеца ГІиса МасихІиде иман лъуна, – Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун гуреб, МасихІиде иман лъеялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьун. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун цониги инсан ритІухълъуларо. 17МасихІидеги цолъун, Аллагьасда цере ритІухълъизе нилъеца хІаракат бахъулеб бугониги, нилъ мунагьал гьарулел чагІилъун лъугьунел ругони, – МасихІги мунагьалъул рахъалда вугин абураб магІна кколебищ гьелъул? Гьайгьай, кколаро! 18Дицаго биххизабунщинаб жо цІидасан гьабизе лъугьани, Мусал Къанун хвезабурав такъсирчилъун лъугьинавила дица дунго. 19Къануналда рекъон дун хварав чи ккола. Къануналъ дун чІвана Аллагьасе гІоло дица гІумру гьабизе. МасихІида цадахъ хъанчида варав чийин дунги. 20Гьединлъидал дун тІокІалъ чІаго гьечІо, амма дилъ МасихІ чІаго вуго. ГьабсагІат дир бугеб гІумру – гьеб буго Аллагьасул Васасде иман лъеялдалъун щвараб гІумру. Гьесие дун вокьана ва жиндирго гІумруги гьес дие кьуна. 21Аллагьасул баркаталдаса дица инкар гьабуларо. Къануналъ малъухъе хьвадиялдалъун Аллагьасда цеве ритІухълъизе инсанасда кІолеб бугони, МасихІил хвел гІададисеб буго!

 

3 бетІер

 

КъотІиги Къанунги

 

1Вай, нуж гІакълу гьечІел галатиял! ГІажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве ГІиса МасихІ хъанчида ван вихьарал гІадинал гІадамал гурищ нуж рукІарал. 2Дир цо суалалъе жаваб кье нужеца: Къануналъ малъарал жал гьариялдалъунищ нужее Илагьияб РухІ щвараб, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божиялдалъунищ? 3ГьедигІанго гІантал гІадамалищха нуж? РухІалдасан байбихьарал нужеца мунагьаб напсалдалъун лъугІизабулебищ бугеб? 4Нужеда тІаде ккараб хІалбихьиги хІехьараб къварилъиги гІададайищха ккараб? ГІадада ккезе бегьилищ гьеб! 5Къануналъ малъараб нужеца гьабидалищ, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божидалищ – Аллагьас нужее Илагьияб РухІ кьураб ва нужеда гІаламатал рихьизарурал? 6Гьедин Ибрагьимги Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана. 7Нужеда лъан букІа: божи-иман къабул гьабурал гІадамал Ибрагьимил лъималлъун ккола.
8Аллагьасда лъалаан гьезул божи-иманалдалъун халкъал ритІухъ гьаризе ругеблъи. Гьединлъидал, Ибрагьимида Рохалил хабарги бицун, ТІехьалда хъван букІана дудалъун киналго халкъазе баркат щвезе бугилан. 9Гьедин иманалде рачІаразеги щола жиндирго божи-иманалдалъун Ибрагьимие щварабгІанасеб баркат. 10Къанун цІуниялде мугъчІвай гьабулел гІадамал нагІанадулъ къан руго. ТІехьалда хъван бугелъулха: «Къануналъул тІехьалда хъван бугебщиналъул рахъ кколаресе ва гьеб кинабго кидаго тІубазабуларесе нагІана щола». 11Гьелдасан бичІчІула Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цеве щивниги ритІухъавлъун рикІкІунаревлъи. Хъван буго: «ВацІцІадав инсан божи-иманалдалъун чІаго хутІила». 12Божи-иманалдасан гуро Къанун бачІун бугеб. Хъван буго: «Къануналда жанир ругел Аллагьасул амруял тІуразариялдалъун инсан чІаго хутІила», – абун. 13Къануналъул нагІанаялдаса нилъги хвасар гьарун, нилъее гІоло гьеб жиндаго тІаде босана МасихІица. ТІехьалда хъван бугелъулха: «ГъотІода жаназа бан бугесулъ Аллагьасул нагІана буго». 14Гьеб лъугьана Аллагьас Ибрагьимие рагІи кьун букІараб баркат МасихІ ГІисадалъун халкъазе щвезе гІоло ва Аллагьас къотІи гьабун букІараб РухІ божи-иманалдалъун нилъее щвезе гІоло.
15Гьале, вацал, нужее гІадамазул гІумруялдаса мисал. Цо пуланав чияс хъвараб ва тасдикъ гьабураб васият хвезабизе яги хисизабизе лъилниги ихтияр гьечІо. 16Гьединго Аллагьасги рагІи кьун букІана «Ибрагьимиеги гьесул наслуялъул чиясеги». Гьес «наслуйилан» (гІемерал чагІийилан) абун гьечІо, «наслуялъул чийилан» (цохІо чийилан) абун буго. Гьеле гьев чи вуго МасихІ. 17Дица гьадин абила: цебего Аллагьас гьабун букІараб къотІи[2] хисизабуларо ва Аллагьас кьураб рагІиги хисизабуларо гьелдаса ункъусиялда лъеберго соналъ хадуб рещтІараб Къануналъ. 18Щай гурелъул Къануналдасан щвараб ирс – гьеб кколаро Аллагьас рагІи кьун букІиндал щвараб ирслъун. Амма Ибрагьимиде Аллагьас баркат рещтІинабуна жинца кьураб рагІуда рекъон.
19Гьедин батани, Къанун щайха къваригІун букІараб? Такъсир сабаблъун тІаде жубан букІана гьеб. Аллагьас рагІи кьун букІарав дов Ибрагьимил наслуялъул чи вачІинегІан хІалтІизабизе рещтІана гьеб. Малаикзабазда кодоса щвана гьеб, гьоркьохъанлъун инсанги вукІана. 20Гьоркьохъан вукІуна кІигоясда гьоркьов, амма Аллагь цохІо вуго!
21Щибха гьаниб кколеб бугеб – Аллагьас кьураб рагІиялде дандечІунищха Къанун бугеб? Гьайгьай, гьечІо! Камилаб гІумру кьезе кІолеб Къанун щун букІарабани, гьебмехалда хІакъикъаталдаги Къануналдалъун ритІухълъилаан Аллагьасда цере. 22ТІухьдуз бицунеб буго тІолабго гІалам мунагьалъулъ къан бугин, – ГІиса МасихІида божарасе кьелилан рагІи кьун букІарабги иман лъуравщинав чиясе щвезе гІоло.
23Божи-иман рещтІинегІан ниж жанир тІамун рукІана, Къануналъ хъаравуллъиги чІезабун. Гьедин хутІана божи-иман загьирлъизегІан. 24Цинги, МасихІ вачІинегІан, Къануналъ къайимлъи гьабуна нижее, – Аллагьасда цере божи-иманалдалъун ритІухълъизе. 25Божи-иман рещтІун хадуса ниж хутІичІо къайимлъи гьабулесул ихтияралда гъоркь. 26МасихІ ГІисаде бугеб божи-иманалдалъун Аллагьасул лъималлъун лъугьана нуж киналгоги.
27МасихІидалъун лъадалъ ччун рахъана нуж, ва МасихІ нужее цІияб ретІеллъунги лъугьана. 28Гьанже тІокІалъ гьечІо я жугьутІал, яги грекал, я лагъзал, яги уздензаби, я бихьинал, яги руччаби – нуж киналго цолъана МасихІ ГІисадалъун. 29МасихІилаллъун лъугьун ругелъул, нуж ккола Ибрагьимил наслуялъул гІадамал ва Аллагьас кьураб рагІиялъул ирсилал.

 

4 бетІер

 

1Дица гьадин абила: гьитІинаб лъимер вугеб мехалда ирсилав лагъасда релълъун вукІуна, жиндирго бечелъиялъул бетІергьан вугониги. 2Инсуца цІараб болжалалде щвезегІан гьев вукІуна къайимзабазулги рукъалъул иш тІадкъаразулги кверщаликь. 3Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукІана дуниялалъул тІабигІиял къуватазул кверщаликь. 4Амма, заман цІубараб мехалда, Аллагьас витІун вачІана чІужугІаданалъ гьавурав жиндирго Вас. Къануналъул кверщаликь гьавуна гьев – 5Къануналъул кверщаликь ругелал тархъан гьаризе ва нилъ гьесул лъималлъун лъугьине.
6Нилъ гьесул лъимал ругелъул, Аллагьас жиндирго Васасул РухІ нилъер ракІазулъе рещтІинабуна, ва гьеб РухІалъ ахІулеб буго: «Абба[3]! Я дир Эмен!» – абун. 7Гьединлъидал тІокІалъ мун лагъ гуро, вас вуго! Вас вугелъул, Аллагьасул бугебщиналъул ирсилавлъунги лъугьун вуго мун.

 

Къануналъул рукь горбоде ккезе биччаге

 

8Нужедайин абуни, доб мехалда Аллагь лъалев вукІинчІо, – гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел хутІун рукІана нуж. 9Гьанже, Аллагь нужеда лъараб, битІун абуни, Аллагьасда нуж лъараб заманалда, щайха нуж дол щибго гьабизе кІоларел ва пайда гьечІел къуватазде нахъеги тІадруссунел, нахъеги ва нахъеги гьезул лагъзаллъун лъугьунел? 10Нужеца хирияллъун рикІкІунел руго цо хасал къоял, моцІал, лъагІалил заманаби ва лъагІелал. 11Дун хІинкъун вуго нужее гІоло гьабщинаб захІмат баччи гІададацин гуродай дир ккарабилан.
12Дица нужеда цІакъ гьарулеб буго, вацал, дида релълъун лъугьаян, нужеда релълъун дунги лъугьун вугелъулха. Нужеца дун сундалъунниги къварид гьавичІо. 13Цебе нужеда Рохалил хабар бицине рес рекъеялъе сабаблъун ккана дир черх загІиплъун букІин. Нужеда гьеб лъала. 14Дида бугеб хІалалъухъ балагьун щакдаризе кколел рукІаниги, нужеца дун инжитго нахъчІвачІо. Нужеца дун къабул гьавуна Бичасул малаик гІадин ва ГІиса МасихІ гІадин. 15Доб мехалда нужер ракІазулъ букІараб талихІ-рохелалъул асар кибе араб? Дица ракІчІун абила: бахъун берги кьелаан нужеца добмехалда дие. 16ХІакъабщинаб нужеда бицун хадуса, гьанже нужер тушманлъунищха дун ккарав?
17Гьал цогидал гІадамал рекІелъ квешал къасдалгун хурхун чІун руго нужеда, нуж дидаса ратІа гьаризе ва нужги гьезда хурхун чІезе. 18Гьедин (дун нужеда аскІов вугеб мехалъ гуребги) хурхун чІей лъикІаб иш бугоан, лъикІал къасдалгун бугебани гьеб.
19Я дир лъимал, лъимер гьабизе хІара чІварай эбел гІадин лъугьун вуго нуж сабаблъун дун гьанжеги. Гьедин дун хутІила МасихІил сипат нужелъе лъугьинегІан. 20Дие цІакъ бокьилаан гьанже нужеда цадахъ вукІине, батІияб къагІидаялъ нужгун кІалъазе. Дун нужеда хІинкъун вугелъулха!
21Ле, нуж Къануналъул кверщаликь хутІизе бокьарал гІадамал! Къануналъ щиб бицунеб бугебали рагІарабищ нужеда? 22Гьениб хъван буго: Ибрагьимил вукІана кІиго вас – лагъалъ гьавурав цо, узденалъ гьавурав – цогидав. 23Лагъалъул вас гьавуна цогидалго гІадин, узденалъул вас гьавуна – Аллагьас рагІи кьун букІиндал. 24Гьелъулъ буго магІна гъваридаб гІаламат: гьей кІияйго чІужугІадан ккола Аллагьасул кІиго къотІи. 25ГІарабустаналда бугеб Синай магІардасан бачІараб къотІиялъул гІаламатлъун ккола Гьажар. Лагълъун йикІаго гьаруна гьелъ лъимал. Гьединлъидал гьей релълъуна гьанжесеб Иерусалималда, – гьебги гьелъул гІадамалги лагълъиялда руго. 26Нилъее эбеллъун кколеб Зобалазул Иерусалим эркенлъиялда буго. 27ТІехьалда бугелъулха: «Йо, лъимер гьабуларей чІужугІадан, йоха-хинлъун йикІа мун. Лъимадул хІара чІван унти лъачІей мун йохун ахІдезе-чІчІичІчІидизе лъугьа. Рос вугелъулалдаса цІикІкІун руго рехун таралъул лъимал». 28Нужни, вацал, ИсхІакъго гІадин, Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьарурал лъимал руго. 29Цогидалго гІадин эбелалъ гьавурав васас къварилъи гьабулеб букІана Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьавурав васасе доб заманалда. Гьедин буго гьанжеги. 30ТІухьдуз щибха абулеб бугеб гьелъул хІакъалъулъ? «Лагъги гьелъ гьавурав васги нахъе рачахъе, узденалъ гьавурав васасда цадахъ ирс щоларо лагъалъ гьавурав васасе». 31Гьединлъидал, вацал, нилъ лагъалъул лъимал гуро, узденалъул лъимал руго!

 

5 бетІер

 

Къанунги эркенлъиги

 

1Эркенлъи щвезелъун тархъан гьаруна МасихІица нилъ. Гьединлъидал гьеб эркенлъиги ккун чІа, лагълъиялъул рукь нахъеги горбоде ккезе биччаге. 2Гьале дица, Павелица, абулеб буго нужеда: нужеца гьанже сунат гьабуни, нужее МасихІидасан щибго пайда букІине гьечІо. 3Цоги нухалъ лъазабулеб буго дица: сунат гьабулевщинав чияс тІолабго Къанун цІунизе ккола. 4Къанун цІуниялдалъун Аллагьасда цере ритІухълъизе бокьарал нуж МасихІидаса ратІалъана. Баркаталдасаги тІуна нуж. 5Нилъер хьул буго Аллагьасда цере ритІухълъилилан. Божулел ругелъулин нилъ гьелъухъ ралагьун чІолел. 6МасихІидехун цолъаразе амрулъун кколаро сунат гьаби ялъуни гьабичІого тей. Амма гьезие амру ккола цоцазе рокьиялдалъун загьирлъулеб божи-иман.
7Нужер чу лъикІго бекерулеб букІана, – хІакъабщиналда божизе лъицаха нужее квалквал гьабулеб бугеб? 8Нуж жиндихъего ахІарав Аллагьасдасан бачІараб жо гуро нужер пикру хисизабизе гьез бахъулеб хІаракат. 9ГьитІинаб ицица тІубараб тІимугъ кванала. 10Амма дир ракІчІола, ТІадегІанав ГІисадехунги цолъун, нужеца батІияб пикру гьабиларилан. Нуж ита-таризе гьарулев чиясе, щив гьев вукІаниги, Аллагьас суд гьабила.
11Дирго рахъалъ абуни, вацал, дица цебе гІадин малъулеб бугеб батани сунат гьабизе кколилан, щиб сабаблъунха дие гьанжеги гІакъуба кьолеб бугеб? Гьеб гьедин букІарабани, МасихІ жинда тІад вигъараб хъанчил хІакъалъулъ дир вагІзаялъ гьезул ццин бахъинабилароан. 12Дие бокьилаан нуж итизе-таризе гьарулел ругел гьел гІадамал, жидецаго жидерго лугбиги къотІун, гІайиблъизе!
13Нуж руго, вацал, эркенго рукІине Аллагьас тІаса рищарал чагІи. Амма гьеб эркенлъиялдаса нужеца пайда босуге нужерго напсалъул гьаваялда нахърилълъине. Цоцазде бугеб рокьиги тІезе биччаге, вацал, цоцазул лагъзаллъунги рукІа! 14ТІолабго Къануналъул магІна буссун бугелъулха цохІо амруялде: «Мунго дуего гІадин вокье дуде гІагарав чиги». 15Нужго нужедаго хІанчІелел ва цоцаца кваналел ругони, цоцаца кванан лъугІизе гурин нуж. 16Гьале дица нужеда абулеб: нуж хьваде РухІалъ малъулеб бугеб куцалда, напсалъул гьаваялда хадур инаро нуж гьебмехалда. 17Напсалъе бокьула РухІалъе тушманабщинаб, РухІалъеги бокьула напсалъе тушманабщинаб. РухІги напсги цоцалъ рагъулел ругелъул, рекІее бокьараб гьабизе бажаруларо нужехъа. 18РухІалъ малъараб гьабулеб бугони, Къануналъул кверщаликь рукІунаро нуж. 19Нилъеда лъала напсалъ гьабулебщинаб: хъахІбалъи, хъублъи, пасалъи, 20гьересиаллагьзабазе лагълъи гьаби, сихІручилъи, тушманлъи, дагІба-къец, ракІквешлъи, ццидахин, чІухІун церекІанцІи, цоцазда гьоркьоб рикьи ккезаби, рикьалаби гІуцІи, 21жахІда, гьекъел-мехтел, пасатго лазат-кеп босизе данделъи ва гьезда релълъаралги. Дица цебеги абун букІана ва гьанжеги лъазабулеб буго нужеда: гьединал ишал гьарулел гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо.
22РухІалъ инсанасе босун бачІуна: рокьи, рохел, рекъел, сабру, лъикІлъи, ракІлъикІлъи, божизе бегьи, 23хІалимлъи, жиндаго квелъ базе бажари. Гьел сабаблъун лъиениги тамихІ гьабуларо. 24МасихІ ГІисаде цолъараз, жидерго мунагьаб напс хъанчида тІад бигъараб гІадин, чорхол киналго лазаталги гьаваги къезаруна.
25Нилъее гІумру РухІалъ кьун бугелъул, нилъ хьвадизе ккела РухІалъ малъухъе. 26РачІа нилъ рецц-бакъалда хадур лъугьинарин, цоцазул ракІхвезабун къацандиларин ва нилъеца цоцаздехун жахІдаги гьабиларин.

 

6 бетІер

 

1Я дир вацал, цо чияс кинаб бугониги мунагь гьабун букІин лъани, РухІалъ малъухъе хьвадулел ругелъул нуж, хІалимго-хІеренго битІараб нухде ваче нужеца гьев. Вореха, нужгоги къосине гурин. 2Цоцазул раччи бачче нужеца ва гьедин МасихІилкъанунги цІуне. 3Цо лъиданиги ракІалде кколеб бугеб батани, щивго гурев жоги вукІаго, жив щивнигийилан, гьес живго гуккулев вуго. 4Щивав чияс хал гьабизе ккола жиндирго ишазул. Гьел ишал лъикІал ругони, цогидазул ишазул пикруги гьабичІого, гьездаса разилъизе бегьила гьев. 5Щивас жиндирго гьир баччизе кколелъулха! 6Аллагьасул рагІи тІалаб гьабулев вугев чияс жиндиего щвараб боцІи-рикъзи бикьун кьезе ккола гьеб малъулев насихІатчиясеги.
7Къосине чІоге нуж: лъиданиги кІоларо Аллагь гуккизе! Бекьараб гурони хуриб бижуларо. 8Напсалъе бокьулеб бекьарасе напсалъул хуриб хвел бижула; РухІалъе бокьулеб бекьарасе РухІалъул хуриб абадияб гІумру бижула. 9ЛъикІлъи гьабулаго нилъ ракІ гІодоб чІван рукІинарин. ТІадчІун хІалтІани, нилъер хуриб хІалухъен жиндир заманалда бижила. 10Гьанже, рес букІаго, лъикІлъи гьабилин, хасго нилъерго диналъул агьлуялъе.

 

Эркенлъиги МасихІил хъанчги

 

11Балагье дирго квералъ гьел рагІаби кигІан чІахІиял хІарпаздалъун нужехъе хъван ругелали. 12ГІадамазда жалго лъикІ рихьизе бокьулез нуж сунат гьабизе тІамизе хІаракат бахъулеб буго, МасихІил хъанчидалъун жидее гІазаб-гІакъуба щунгутІизелъун. 13Сунат гьабиялъул рахъ кколез жидецагоги тІубазабуларо Къануналъ абулебщинаб. Гьезие бокьун буго нуж сунат гьабизе тІамизе, балагье нужги напсалъе мутІигІлъулел ругилан чІухІдаризе гІоло. 14Диени киданиги сундасаниги чІухІизе бокьиларо, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хъанчидаса гурони! Гьеб хъанчида тІад бигъун хвана дие гІаламги гІаламалъе дунги. 15Сунат гьабиялъулъ яги гьабунгутІиялъулъ гуро иш бугеб, цІияб вижиялдалъун вижун вукІиналъулъин. 16Гьеб амруялда рекъон хьвадулелщиназде рекъелги баркатги рещтІаги ва Аллагьас тІаса бищараб тІолабго халкъалдеги рещтІаги.

 

Кагътил ахир

 

17Гьанжеялдаса нахъе лъицаниги кьоге дие гІакъуба, дир черхалда ругелъулха ГІисада лъурал ругънал! 18Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги, вацал, нужер рухІазда. Амин!

 

 

Эфесиязухъе кагъат

Эфесиязухъе Павелил кагъат

 

Жинцаго Эфесалда гІуцІараб иман лъуразул жамагІаталде Павел чапарас битІараб кагъат буго гьаб. Нилъер эраялъул І гІасруялда Эфес рикІкІунаан ГьитІинаб Азиялда бищунго кІудияздасан цояблъун кколеб, аслияб къагІидаялъ греказ гІумру гьабулеб шагьарлъун. Павелил насихІатазухъ бищунго лъикІ гІенеккулел рукІана Эфесалда. Кагътил аслияб мурад буго ГІиса МасихІил хвалдалъун ва хваралъуса вахъиналдалъун квешлъиялда тІад лъикІлъиялъ бергьенлъи босизе ва тІолабго дуниял бацІцІалъизе байбихьанилан бичІчІизаби. Павел чапарас иман лъуразул агьлу релълъинабулеб буго ГІиса МасихІ жиндир цололъ лъураб гамачІлъун кколеб минаялда ва ГІиса жиндир рослъун кколей чІужугІаданалда.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1ГІиса МасихІил чапарлъун вукІине Аллагьас витІарав Павелил рахъалдасан салам буго Эфесалда ругел диналъул вацазде – МасихІ ГІисаде цолъун рацІцІалъаразде ва ритІухълъаразде. 2Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда.

 

«Дуниял бижилелдего тІаса рищана Аллагьас нилъ»

 

3Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц! МасихІиде цолъарал нилъеда баркат лъун зобалаздасан лъикІабщинаб рещтІинабуна гьес нилъеде. 4Жеги дуниял бижилелдего тІаса рищана Аллагьас нилъ, МасихІиде цолъун, жиндирго халкълъун лъугьине ва, рокьи рекІелъ цІунун, жинда цере рацІцІадго ва гІайиб-хатІа кколаредухъ хьвадизе. 5Аллагьасул къадар букІун буго ГІиса МасихІидалъун нилъ жиндирго лъималлъун лъугьинаризе. ЛъикІлъи гьабизе бокьидалин Аллагьас гьедин гьабураб!
6Аллагьасе рецц – жиндиего вокьулев Васасдалъун гьес нилъеде баркатги нурги рещтІинабидал! 7-8Къурбанлъун лъугьун гІодобе тІураб МасихІил биялдалъун нилъги гьесде цолъизарун, нилъее тархъанлъи насиб гьабуна ва нилъер мунагьалги чурана. Аллагьас нилъее кьуна сундулъго гІакъиллъиги лъайги, кІудияб баркатги гьарзаго рещтІинабуна.
9Аллагьас нилъее загьир гьабуна МасихІидалъун тІубазабизе кколеб букІараб жиндирго балъгояб мурад. 10Зоб-ракьалда бижанщинаб МасихІиде цолъизабиялъул ва киналъулго бетІерлъун гьев гьавиялъул мурад Аллагьас тІубазабула болжал щвараб мехалда. 11МасихІ сабаблъун Аллагьас нилъ тІаса рищана жиндирго халкълъун рукІине.
Жиндиего бокьухъе кинабго гьабулесул къадар букІана 12гьесул къудраталъе рецц гьабулеллъун ниж лъугьине. ТІоцебе МасихІиде хьул лъурал гІадамал ниж ругелъулха! 13Нуж хвасарлъанилан Рохалил хабарлъун бугеб ритІухъаб рагІи рагІараб мехалъин нуж МасихІиде цолъарал. МасихІиде иман лъедал, нужедаги Илагьияб РухІалъул мугьру чІвана. 14Аллагьас жиндирго халкъ тархъан гьабураб ва жиндие цІар-рецц гІемерлъараб мехалда нилъееги ирс щвезе букІиналъул гІаламатлъун буго гьеб Илагьияб РухІ.

 

МасихІил къудрат

 

15Гьединлъидал, ТІадегІанав ГІисаде нужеца иман лъунин рагІаралдаса ва иман лъуразул агьлуялдего нужер рекІелъ рокьи букІинги лъаралдаса хадуб, 16дугІадулъ нужги рехсон, дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула. 17Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эменлъун вугев къудратав Аллагьас нужеде рещтІинабеги гІакъиллъи щвезабулеб ва балъгоябги загьирлъулеб РухІ. Гьелъ рачина нуж Аллагь лъаялде. 18Аллагьас нужер рекІедаги канлъи бихьизабеги. Гьебмехалда бичІчІила сунде хьул лъезе нуж гьес ахІулел ругелали, иман лъуразул агьлуялъе гьесул илагьияб ирсги кигІан бечедаб бугебали. 19Бицун хІалкІоларебгІан кІудияб гьесул къуват нилъелъ, жиндир къудраталдалъун иман лъуразулъ, букІинги бичІчІила. 20Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. 21Тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги, ханзабилъун ругелги рухІаздаса тІадегІанлъизавуна Аллагьас гьев. Гьаб дуниялалда ругелги, хадусеб дуниялалда рукІине ругелги киналго цІараздаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. 22Кинабго гьесул хІатІикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кІодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъунги гьавуна. 23МасихІил Черхлъун ккола гьеб агьлу. Кинабго камиллъизабулес камиллъизабула гьебги.

 

2 бетІер

 

МасихІица бачІараб хвасарлъи

 

1Такъсирги мунагьги сабаблъун хварал чагІийин нужги рукІарал. 2Цебе нужеца гІумру гьабулеб букІана гьаб дуниялалъул гІадатазда ва зоб-ракьалда гьоркьоб кверщел гьабулев ханасул[1] амруялда рекъон. Аллагьасе мутІигІлъулареб агьлуялда тІад гьабсагІатги кверщел гьабулеб буго гьес. 3Гьединал гурищ нилъ киналго рукІарал! Нилъерго гьаваялдаги квешал къасдаздаги хадур ун, чорхоеги рекІееги бокьанщинаб гьабулаан нилъеца. Гьеб тІабигІат сабаблъун, цогидазего гІадин, Аллагьасул ццин бахъин насиблъун букІана нилъееги. 4Амма Аллагь цІоб гІатІидав вуго! Нилъедехун бугеб кІудияб рокьиялдалъунин 5мунагь сабаблъун хун рукІарал нилъ МасихІида цадахъ гьес чІаголъизарурал. Аллагьас баркат лъун хвасарлъана нилъ. 6-7ГІиса МасихІидалъун нилъеде гьарзаго рещтІараб баркаталъул кІодолъиги цІобалъул гІатІилъиги хадусел гІасрабазда загьир гьабизе нилъ МасихІ ГІисада цадахъ рахъинаруна ва зобалазда гьесда аскІор гІодор чІезаруна. 8Аллагьасул баркаталдалъун иман лъеялъ хвасар гьаруна нуж. Нужедалъун гуро гьеб лъугьараб, Аллагьасул цІобалдалъунин. 9Нужер ишазухъ щвараб шапакъат гурин гьеб, – гьелдаса чІухІуге щивниги. 10Аллагьасин нилъ, МасихІ ГІисадеги цолъизарун, гьанже ругеллъун лъугьинарурал, – цереккунго нилъее рихьизарун рукІарал лъикІал ишал тІуразаризелъун.

 

ЖугьутІалги жугьутІал гурелги цого халкълъун лъугьана

 

11ХІасил, нужеда кІочон тоге нуж жугьутІаллъун рижун рукІинчІолъиги, чорхол лага къотІун сунат гьабуралилан абулез нужеда «сунат гьабичІелилан» цІар лъун букІараблъиги. 12Доб мехалда нуж МасихІидаса рикІкІад рукІана. Исраилил халкъалъеги чияраллъун рукІана нуж. Гьеб халкъалъе Аллагьас гьарун рукІарал къотІабиги кьун букІараб рагІиги нужеда хъатІулароан. Гьаб дуниялалда нуж рукІана хьул лъезе бакІги гьечІел Аллагьги гьечІел гІадамал. 13Цере Аллагьасдаса рикІкІад рукІарал нуж, гьанже МасихІиде цолъун, гІагарлъана, – нужедасан къурбанлъун хварав МасихІил би сабаблъун. 14Гьес нилъ рекъезаруна, жугьутІалги жугьутІал гурелги цого халкълъун лъугьинабуна, нилъеда гьоркьоб букІараб тушманлъиялъул къедги биххизабуна. 15КІиго халкъги ракълидалъун жиндилъго цолъизабун, цо цІияб халкъ лъугьинабизелъун Къануналъул рихьизариялги къагІидабиги риххизаруна гьес, – жиндирго черхги къурбанлъун гьабун. 16Хъанчида ван хвеялдалъун цого чорхолъ кІиго халкъ Аллагьгун рекъезабуна гьес, хъанчида тІадго чІвана гьезул тушманлъиги. 17ВачІун гьес ракълил рохел бицана Аллагьасдаса рикІкІалъун рукІарал нужедаги ва гьесде гІагарлъун рукІараздаги. 18Гьединлъидал гьесдалъун цого РухІалъул цІурал нилъее (жугьутІазеги цогидал халкъазеги) рес щвана Инсухъе ине.
19ХІасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гІадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго. 20Чапарзабазги аварагзабазги тІамураб кьучІалда тІад бараб миналъун руго нуж. КьочІол гамачІлъунги МасихІ ГІиса вуго. 21Гьелда тІад чІурканго балеб буго тІолабго мина. Гьелъул лъугьунеб буго Аллагьасул мукъадасаб рукъ. 22Аллагьасул РухІ рещтІараб рукълъун рукІине, МасихІгун цолъун, нужги лъугьун руго гьеб миналъун.

 

3 бетІер

 

«Дие загьирлъана Аллагьасул балъголъи»

 

1Гьединлъидалин нужее – цогидал халкъазул гІадамазе – гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун. 2Гьайгьай, нужеда рагІун батила нуж гІуцІа-къазе кигІан кІудияб тІадкъай жиндирго цІобалдалъун Аллагьас дие кьурабали. 3Гьес дие загьирлъизабуна жиндирго балъголъи. Гьелъул хІакъалъулъ цебеги дица нужехъе къокъго хъван букІана. 4Гьединлъидал гьаб кагъат цІалидал лъала нужеда МасихІил балъголъи кин дида бичІчІулеб бугебали. 5Цересел наслабазе загьирлъун букІинчІеб гьеб балъголъи гьанже РухІалъ рагьана Аллагьасул мукъадасал чапарзабазеги аварагзабазеги. 6Гьеб балъголъи буго цогидал халкъазул гІадамазе, жугьутІазего гІадин, Аллагьасдасан ирс щвеялъулъ: гьелги жугьутІалги цого чорхол лугбилъун лъугьана ва Аллагьас жугьутІазе кьун букІараб рагІи гьанже МасихІ ГІисадалъун Рохалил хабаралъе гІахьалаблъунги лъугьана. 7Аллагьасул къудраталдалъун дие баркат щун, дун лъугьана гьеб Рохалил хабар тІибитІизабизе. 8Иман лъуразул тІолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гІакълу-лъай хадуб гІунтІулареб МасихІил хазинаялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гІадамаздаги бицине 9ва кинабго бижарав Аллагьасул балъгояб абадияб хІукму тІубараблъи киназего загьирги гьабизе. 10Тахида ругелги кверщел бугелги зобалазул рухІазда гьанже иман лъуразул агьлуялдалъун лъала батІи-батІияб куцалда загьирлъараб Аллагьасул гІакъиллъи. 11Жиндирго абадияб хІукму Аллагьас тІубазабуна нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадалъун. 12Гьевгун цолъун ва гьесде иманги лъун, хІинкъичІого ва ракІчІун хьвадулел руго нилъ Аллагьасда цере. 13Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго, нуж сабаблъун дие гІазаб кьолеб бугилан ракІ гІодоб чІван рукІунгейилан. Гьеб гІазаб сабаблъунин нуж бергьунел ругел.

 

Павелил гьари-дугІа

 

14ХІасил, Инсуда цеве накабазда чІун вуго дун. 15Зоб-ракьалда ругелщиназе чІаголъи гьесул цІаралдасан бачІараб буго. 16Дица гьесда гьарулеб буго жиндирго машгьураб хазинаялдасан нужее РухІалдалъун къуват кьейилан, нужер ракІ къвакІизабейилан, 17иман лъеялдалъун МасихІ нужер рекІелъе лъугьинавейилан. Рокьи нужер кьибиллъунги кьучІлъунги лъугьаги. 18Гьебмехалда, нужер гьунар гІела, киналго иман лъуразда гІадин, нужеда МасихІил рокьи лъазе – гьелъул гІеблъиги, халалъиги, борхалъиги, гъварилъиги лъазе. 19Лъазего кІолареб бугониги, лъаги нужеда гьеб, – Аллагьасул камиллъи нужелъеги лъугьине.
20Жинда гьаризе нилъеда кІолелдасаги, хІатта нилъеда ракІалде кколелдасаги гІемерго цІикІкІарабаб гьабизе нилъее къуват кьолев Аллагьасе рецц! 21ГІиса МасихІил ва гьесде иман лъуразул агьлуялъул абадияб-даимаб рецц буго Аллагьасе!

 

4 бетІер

 

Павелил амруял

 

1ТІадегІанав сабаблъун жанив тІамурав дица нужеда гьарулеб буго Аллагьас нуж тІаса рищун рукІиналъе мустахІикъаб куцалда хьвадейилан. 2ЧІухІи-пахрулъи чІвараллъун, гІодоре риччараллъун рукІа. Цояз цоял хІехьон, цоцазе рокьун, сабруялда хьваде. 3Ракълил рахсица цоцаздехун рухьун, хІаракат бахъе РухІалъ кьураб цолъи нужелъго цІунизе. 4ЦохІого Черхги, цохІого РухІги, Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, цохІого хьулги, 5цохІого ТІадегІанавги, цохІого божи-иманги, цохІого мунагьал чуриги, 6киназулго Эмен – цохІого Аллагьги. Нилъ киназдасаго тІадегІанав вуго гьев, нилъер киналго ишазулъги вуго, нилъ киназулъгоги вуго.
7Амма нилъее киназегоги щивасеги щун буго батІи-батІияб гьунар – МасихІица кьураб сайигъаталъул хасаб бутІа. 8Гьединлъидал ТІухьдузда хъван буго: «Гьев тІадегІан вахана, гьес гІемерал асирал рачун рачІана, гІадамазе сайигъатал рикьана». 9ТІадегІан вахарав ватани, гьелдаса цеве гьев ракьалъул бищунго гъваридалъуве лъугьун вукІун вуго. 10Ракьалъул гъварилъуде лъугьун вукІаравав гурищ бищунго рорхатал зобалазде вахунев? Гьес гурищ гьаб дуниялалда кинабго камиллъизабизе бугеб? 11Гьесин лъугьинарурал чапарзабилъун цоял, аварагзабилъун цоял, Рохалил хабар бицунеллъун цоял, церехъабилъун яги насихІатчагІилъун цоял, – 12Аллагьасе хъулухъ гьабизе ва МасихІил Черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу мина гІадин щулалъизабизе. 13Божи-иманалъулъ ва Аллагьасул вас якъинго лъаялъулъ ахирги цогояллъун лъугьина нилъ. ТІубанго балугъал гІадамаллъун лъугьина нилъ гьебмехалъ, МасихІил камиллъиги насиблъила нилъее.
14Карачалаби гьелчезарулеб гьороца кинигин, диналъул батІи-батІияб чвахиялъ росун унел лъимал гІадинал гІадамаллъун рукІине бегьуларо гьанже нилъ. Гьел бигьаго гуккула хІилла-макруялъе махщел бугел гьерсихъабаз. 15РекІелъ рокьигун битІараб бицани, нилъ кІудиял гІела, сундулъго МасихІиде гІагарлъила. Гьев вуго бетІер! 16БетІералъин чорхол киналго лугби цолъизарулел. ЩукІдуз цоцаздехун щула гьарула гьел. Щибаб лагаялъулги букІуна жиндирго иш. Рокьиялъ гІуцІула ва кІудияб гІезабула черх.

 

МасихІиде цолъун – цІияб гІумру

 

17Гьале дица нужеда абулеб ва ТІадегІанасул цІар рехсон лъазабулеб буго мекъаб-тІекъаб гурони гІакълу гьечІел мажусиял гІадин нуж хьвадугейилан! 18Гьезул пикру-бичІчІи бецІлъун буго. Жидерго жагьиллъиги ракІбицалъиги сабаблъун, гьел рикІкІалъун руго Аллагьасде руссараб гІумруялдаса. 19Сунцаго рекІее асар гьабулареллъун лъугьун, хІарамабщиналъ гІорцІулел гьечІо гьел, напс ккун чІезабулеб чІолохъжоги гьез бахъун рехун буго.
20Амма гьедин хьвадизе гуро нужеда МасихІил хІакъалъулъ бицун букІараб. 21ХІакълъунго нужеда гьев лъан вуго. Нужеда бициндалха гьесулъ кинабго хІакъабщинаб бугилан! 22Мунагьаб напс гуккулел къасдаз пасалъизавурав цевегосев инсанасул гІадинаб гІамал гІодобе рехе нужеца. 23Нужерго рухІги гІакълуги цІилъизабе. 24Аллагьасул суратлъун вугев, хІакълъунго ритІухъав, вацІцІадав цІидасан вижарав Инсанлъун лъугьине хІаракат бахъе.
25Гьединлъидал, гьересиги рехун тун, щивас жиндаго аскІов вугесда битІараб бице. Цо Чорхол лугбилъидалха нилъ! 26Ццин гьалаглъараб мехалдагицин гьабуге нужеца мунагь. Нужер ццин бахъун букІаго бакъ тІерхьунгеги! 27Илбисалъе нуцІа къируге! 28ЦІогьодулев вукІарав цІогьодуге, жиндирго кверал квалквадун магІишат гьабизе лъугьа, язихъасеги кьезе рес букІине.
29НасихІат гъорлъ бугеб ва гІенеккаразе сундулъго пайдаяб гурони, цониги квешаб рагІи бачІунгеги нужер мацІалде. 30Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб. 31Нужеца рехун те хІалуцин, ццидахин, гьалаглъи, ахІи-хІур, хьандей ва цогидалги квешал хасиятал. 32Цоцазда гьоркьор лъикІ рукІа, хІеренго рукІа, цоцада тІасаги лъугьа, МасихІие гІоло Аллагь нужеда тІасалъугьарав гІадин.

 

5 бетІер

 

1Аллагьасда релълъине хІаракат бахъе, гьесие рокьулел лъималлъидал нуж. 2Нилъее гІоло къурбанлъун лъугьарав МасихІие нуж рокьарал гІадин, цоцазе рокьун хьваде нужги. Аллагьасе кьураб махІгьуинаб ва лъикІаб къурбанлъунин гьев лъугьарав. 3ХъахІбалъи, пасалъи ва чияр боцІуде хъантІи гІадинал жалазул цІар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечІо.
4Хъубаб, гІантаб ва гІадан гІад-хочІ гьавулеб хабар бицинеги рекъараб гьечІо. Гьелде руссун рукІинчІого, Аллагьасе рецц гьабе. 5ХъахІбалъи, ракІ хъублъи ва хъантІи ккола гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабилъун. Гьединаб гІамал бугев цониги чиясе МасихІилги Аллагьасулги ПарччахІлъиялъул бутІа щолареблъи лъай нужеда.
6Гьерсица гуккизе чІоге. МутІигІлъуларезде Аллагьасул ццин рещтІинабула гьелъ. 7Гьезулгун гьоркьоблъи гьабуге нужеца. 8Цере нуж бецІлъукь рукІана, гьанже ТІадегІанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гІадамал гІадин хьваде. 9Нуралъ бижизабураб буго лъикІаб гІамал-хасиятги, ритІухълъиги ва хІакъабщинабги. 10ТІадегІанасул рекІее щиб къабуллъулебали лъазе хІаракат бахъе. 11БецІлъиялъул пайда гьечІел ишазулъ гІахьаллъуге. Гьел къватІир чІвазаризейин нужеца кколел. 12БецІлъуда балъгого гьарулел ишазул хІакъалъулъ бицинегицин намуслъула. 13Канлъи речІчІидал бихьула кинабго къватІиб чІвазабурабщинаб. Канлъухъе бихьулебщинабги нурлъун лъугьуна. 14Гьединлъидалин абулеб: «Кьижарав, ворчІа! Хваралъуса вахъа – нуралъ гвангъизавила мун МасихІица!»
15Нужерго гІамал-хасияталда хадуб халккве. ГІабдалзабазда релълъун хьвадичІого, гІакъилазда релълъун хьваде. 16Заманаялдаса пайда босизе хІаракат бахъе, гьалагал къоял ругин гьал. 17Жагьилаллъун рукІунге, ТІадегІанасул амру бичІчІизе тІалаб гьабе. 18Чогъроца мехтизе рукІунге, пасалъиялде рачуна гьелъ. Илагьияб РухІалъ цІезаре нужго. 19Забуралдасан, туркабаздасан ва диниял кучІдуздасан калимабаздалъун гаргаде цоцаздехун. РакІ-ракІалъго ахІе нужеца ТІадегІанав веццарал кучІдул. 20Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІарги рехсон, кидаго ва сундухъго Эмен – Аллагьасе шукру гьабе.

 

Лъудбиги росалги

 

21МасихІил хІурмат гьабун цоцазе мутІигІлъе. 22ТІадегІанасего гІадин, россабазеги мутІигІлъе лъудби. 23Жиндирго черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу хвасар гьабуравлъунги гьелъул бетІерлъунги МасихІ вугев гІадин, росасги бетІерлъи гьабула лъадуе. 24Иман лъуразул агьлу МасихІие мутІигІлъулеб гІадин, лъадиги сундулъго росасе мутІигІлъе. 25-26Лъадалъ ччун рахъунги ва рагІудалъунги гьел рацІцІад гьаризе жинца рухІ кьурал иман лъуразул агьлу МасихІие бокьулеб гІадин, росабазе лъудбиги рокьа. 27МасихІие бокьун буго гьеб иман лъуразул агьлу жинда цебе гьайбатго бихьизе, – тІанкІ гьечІого, рукІкІел гьечІого ва цогидаб сакъатги гьечІого. БацІцІадабги гІайиб-хатІа гьечІебги букІине бокьун буго.
28Гьединлъидал россабазе жидерго лъудбиги рокьизе ккола, жидерго черх гІадин. Лъади йокьулесе живгоги вокьула. 29Жиндирго черх рихарав инсан цониги вижичІо. Гьес кваназе жо чІезабула, чорхол тІалаб-агъаз гьабула, иман лъуразул агьлуялъул МасихІица тІалаб-агъаз гьабулеб гІадин. 30Нилъги гьесул Черхалъул лугбилъун ругелъулха! 31ТІухьдузда хъван буго: «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина». 32Гьел рагІабазулъ кІудияб балъголъи буго, амма дида бичІчІулеб буго МасихІилги иман лъуразул агьлуялъулги хІакъалъулъ бугин гьеб калима. 33Нужеда гьоркьоса щивав чиясеги лъади, живго гІадин, йокьизе ккела. Лъадуцаги росасул хІурмат гьабизе ккела.

 

6 бетІер

 

Эбел-эменги лъималги

 

1Лъималги, ТІадегІанасде цолъун, эбел-инсуе мутІигІлъун лъикІ. 2Аллагьасул амруязда гьоркьор руго тІуразаруни шапакъат щолилан рагІи кьурал амруял. Гьезул тІоцебесеб амру ккола: «Дурго эбел-инсул адаб-хъатир гьабе. 3Цинги мун лъикІ вукІина ва дур гІумруги халалъила».
4Умумузги лъимал къварид гьаруге. ТІадегІанасул амруялда рекъон гІезаре, гьезие тарбия кье ва лъикІабщинаб малъе.

 

Лагъзалги бетІергьабиги

 

5Лагъзалги хІинкъа-къан мутІигІлъе жидерго бетІергьабазе. МасихІие гьабулеб гІадин, ракІ-ракІалъго хъулухъ гьабе гьезие. 6ХІелхІелчагІаз гІадин, рихьдаего гьабуге хъулухъ, Аллагьасул амру тІубазабулел МасихІил лагъзадерица гІадин, ракІ-ракІалъго гьабе. 7ГІадамазе гуреб, ТІадегІанасе хъулухъ гьабулеб бугеб гІадин, гъираялда гьабе. 8Лагъ вукІа, узден вукІа, лъикІлъи гьабулев чиясе ТІадегІанасдасан шапакъат щолеблъи кІочон тоге.
9Нужги, лагъзадерил бетІергьаби, гьединго лъикІ рукІа нужерго лагъзадеридехун. Гьел хІинкъизаруге. Нужерги гьезулги зобалазда цохІо БетІергьан вукІин кІочон тоге. Щивниги ватІа гьавуларо гьес.

 

Илбисалъул боялда данде рагъ

 

10Кагътил ахиралдаги – ТІадегІанасде цолъун, гьесул къуват-гучалдалъун нужго къвакІизаре. 11Аллагьасул къолден ретІе, илбисалъул макруялдаса къунгутІизе. 12ГІадамазда данде гурел, – тахида ругелги кверщел бугелги рухІазда дандейин нилъ рагъулел ругел. Зобалазда ругел хъубал жундуздаги гьаб бецІаб дуниялалъул кверщел кодоб бугездаги дандейин рагъулел ругел. 13Гьедин бугелъул – Аллагьасул нухда рагъ гьабизе къваригІунебщинаб ретІе, чІегІераб къо чІедал гьезда дандечІезеги щибго хІехьезеги нужер къуват-гуч гІезе. 14ХІакъабщиналъул рачелги борчун, ритІухълъиялъул къолденги ретІун, къвакІун чІа нуж! 15Ракълил хІакъалъулъ рохалил хабар бицине къватІире рахъине нужерго хьиталги къачІай. 16Цинги – божи-иманалъул хъалхъан хъатикь щулаго ккве! Гьелъ свинарила илбисалъ нужеда речІчІулел киналго цІа рекІарал чІорал. 17Тархъанлъиялъул такъияги лъе, РухІалъул хвалченги хъатикь ккве. Гьеб ккола Аллагьасул рагІи.
18Илагьияб РухІалъ цІезарун, киналго дугІаби гІемер гьаре ва кидагоги Аллагьасде гьардолел рукІа. ТІолабго иман лъуразул агьлуги рехсон, тІадчІун ва ракІ-ракІалъго дугІабиги гьарун, рорчІуда чІа. 19Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан. 20Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тІадаб налъиги тІубазабун, хІинкъичІого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре.

 

Кагътил ахир

 

21Дун кин вугевали ва щиб гьабулев вугевали нужеда Тихикица бицина. Гьев вуго дие хирияв диналъул вацги ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев ритІухъав чиги. 22Нижер ишазул бицине ва нужер ракІбатизабизе гІолойин дица гьав витІулев вугев.
23Эмен – Аллагьасдасан ва ТІадегІанав ГІиса МасихІидасан рещтІараб рекъелги, рокьиги, божи-иманги хутІаги, вацал, нужелъ! 24Аллагьасул баркат насиблъаги нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде абадияб рокьи рекІелъ бугезе!

 

 

Филиппиязухъе кагъат

Филиппиязухъе Павелил кагъат

 

Павел чапарас гьаб кагъат хъвана Филиппиялда жинцаго гІуцІараб иман лъуразул жамагІаталде. Доб заманаялда гьеб греказул Македония вилаяталде гьоркьобе унеб гьитІинаб шагьар букІун батила. Кагътида Павелица хъвалеб буго ГІисаца жиндиего бокьун живго гІодовегІанлъизавунин, гьелдалъун Аллагьасги гьев жинца бижарабщиналъул бищунго тІадегІанавлъун гьавунин.
Павелица филиппиял реццулел руго гьел лъикІ хьвадулел ругелъул ва малъулеб буго рохалидаги сабруялдаги гІумру гьабеян.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Филиппиялда ругел киналго МасихІ ГІисаде цолъун иман лъуразде, нужер агьлуялъул бутІрузде ва церехъабазде салам буго МасихІ ГІисае хъулухъалъе чІарал Павелилги Тимофейилги. 2Нилъер Эмен – Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги баркатги саламги лъеги нужеда.

 

Аллагьасде гьари-дугІа

 

3Нуж ракІалде щванщинахъе дица рецц гьабула дир хирияв Аллагьасе. 4Нужеда киназдаго гурхІагиян Аллагьасда гьарулебщинахъе дир рекІелъе рохел лъугьуна, 5дун тІоцеве нужехъе вачІараб къоялдаса жакъалъизегІан Рохалил хабаралъе гІоло гьабулеб хІаракатчилъиялъулъ нужги гІахьаллъидал. 6Дир ракІчІола, нужелъе лъикІлъи лъугьинабизе байбихьарав Аллагьас гьеб рагІа-ракьанде щвезабилин МасихІ ГІиса вачІараб къоялде абун. 7Нужер хІакъалъулъ гьединаб пикру букІинарищ дир, кидаго дир рекІелъ нужеде рокьи бугелъул. Нужедаги дидаги Аллагьасул баркат лъуна дун туснахъалъув вугеб мехалъги, Рохалил хабар тІибитІизабизе къеркьон, гьеб битІараб букІин чІезабулеб мехалъги. 8Аллагьасда лъала ГІиса МасихІил гІадинаб урхъиялдалъун дун нужехъ киназухъго чІалгІун вугеб куц. 9-10Дица Аллагьасда гьарула, бищунго лъикІаб тІаса бищизе нужеда лъазе, МасихІ вачІараб къоялде нуж, хъубаб тІанкІ лъечІого, нухдаса таричІого хутІизе нужер рекІелъ рокьи цІикІкІагийилан, гІакълуги цІубайгийилан, цІодорлъиги камиллъагийилан. 11Нужер рацІцІалъиялъул гъотІода пихъ гьарзаго бижила гьебмехалъ. Гьедин ГІиса МасихІидалъун Аллагьасул кІодолъи загьирлъила ва гІадамаз гьесие рецц гьабила.

 

Рохалил хабар дагьабги цІикІкІун тІибитІана

 

12Балагьея, вацал, дир гьаб ахІвал-хІалалъ дагьабги цІикІкІун квербакъи гьабуна Рохалил хабар тІибитІиялъе, 13кІалгІаялъур ругел киналго рагъухъабаздаги ва цогидал хутІараздаги бичІчІана дида рахсал МасихІ сабаблъун ран ругеблъи. 14Дун жанив тІами сабаблъун ккун, гІемерисел иман лъуразул тавакал цІикІкІинабуна БетІергьанас, гьединлъидал гьезги расги хІинкъичІого халкъалъухъе щвезабулеб буго Аллагьасул рагІи.
15Гьедин бугониги, цо-цояз МасихІил хІакъалъулъ бицунеб буго жидерго жахІдаялъги хІалхъублъиялъги тІамун, цогидаз абуни, бицунеб буго лъикІлъи бокьун. 16Гьеле гьез Рохалил хабар тІибитІизабулеб буго, рокьиялъ гьесизарун ва Рохалил хабар цІунизе тІамурав чи дун вукІинги лъан. 17Дозин абуни гьеб гьабулеб буго квешал къасдазги диде бугеб жахІдаялъги гьесизарун – гьезда ракІалде кколеб буго туснахъалъуб дие бугеб квешлъи гьелдалъун дагьабги цІикІкІинилан. 18Биччанте! Рихьдае букІаниги, ракІ-ракІалъ букІаниги батІалъи щиб, гьединги гьадинги ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІулеб бугелъул. Дун гьелдаса вохун вуго ва вохизеги вуго.
19Нужер гьари-дугІаялдалъунги ГІиса МасихІил РухІалъул квербакъиялдалъунги дун хвасарлъизе вукІин лъала дида. 20Къезе цІакъ бокьун гьечІо дие, къеларилан хьулги буго. Кидаго гІадин, хасго гьанже сункьаниги хІинкъичІого дица дир тІолабго жан МасихІ кІодо гьавиялъе кьела – дун хваниги, чІаго хутІаниги. 21Дир гІумру МасихІилъ буго, хвалилъги пайда буго дие! 22Амма дун дуниялалда хутІани, дир хІаракатчилъиялъул хайирги буго. Лъаларо гьеб кІиялъулго кинаб дие бокьилебали. 23Дир ракІ кІибикьун буго: гьаниса вахъун, МасихІида аскІове инеги бокьун буго, гьеб гІемерго лъикІ букІинилан ккун. 24Амма нужее цІакъ къваригІун вугелъул, дуниялалда хутІизеги кколев вуго. 25Нужее къваригІун вукІиналда ракІчІун бугелъул, дида лъала дун нужеда киназдаго цадахъ хутІилевлъи, нуж тІоритІизеги иманалъ нуж рохизаризеги. 26Гьедин дун нужехъе тІадвуссараб мехалъ, нужее цоги гІилла букІина, ГІиса МасихІидеги цолъун, дун сабаблъун ккун, чІухІизе.

 

Рохалил хабаралъ малъухъе хьваде!

 

27Воре, МасихІил Рохалил хабаралъ малъухъе хьваде. Дие рагІизе бокьилаан, дун гьенив вугониги гьечІониги, Рохалил хабаралда божиялъе гІоло цо хІал ккун чІун цадахъго къеркьолел ругин нужилан. 28Тушбабаздехун кидаго бахІарчилъи бихьизабе. Гьеб гьезие буго хвалде иналъул гІаламат, нужее буго тархъанлъиялъул гІаламат. Аллагьасдасанлъидал гьеб бачІунеб бугеб! 29МасихІидалъун нужехъе рещтІун бугелъул, гьесде иман лъей гуребги, гьеб сабаблъун нужее кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаги. 30Дир гІадинаб къеркьеялъулъ гІахьаллъизе руго нуж. Нужеда гьеб доб мехалъ дилъ бихьана ва гьанже дилъ бугилан рагІулебги буго.

 

2 бетІер

 

МасихІидаса мисал босе

 

1МасихІиде цолъиялъ нужелъе къвакІи лъугьинабулеб бугеб батани, гьесул рокьиялъ нужер ракІбатизабулебги бугони, Илагьияб РухІалдалъун нуж цолъунги ратани, нужер курмузулъ цоцаздехун гурхІел-рахІмуги бижун батани, 2дун гьелдаса цІакъ вохилаан. Гьединлъидал дие бокьилаан нужер цого къасдги, цого рокьиги, цого рухІги букІине, нужеца цого пикрабиги гьаризе. 3Дун лъикІав-тІокІавилан цояв, дун жеги лъикІавилан цогидав лъугьунге. Нужго гІодорегІан гьарун, цогидал нужедаса лъикІаллъун рикІкІе. 4ЦохІо дурго мунагьаб напсалъе гІоло квалквадичІого, цогидазе гІологи квалкваде.
5МасихІ ГІисалъ букІараб гІадинаб пикру букІа абе нужелъги.

 

ГІисаца живго гІодовегІанлъизавуна, Аллагьас гьев тІадегІанлъизавуна

 

6Аллагьлъи жиндилъ бугониги, Аллагьасда ващалъизе хІаракат бахъичІо гьес. 7Живго гьитІинлъизавуна, – лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав 8гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев.
9Гьединлъидал Аллагьас гьев тІадегІанлъизавуна, цогидазулалдаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. 10ГІисал цІаралда цебе наку чІван сужда гьабила зодор ругезги, ракьалда ругезги ва гъоркьадуниялалда ругезги. 11ГІиса МасихІ ТІадегІанав вукІин чІезабун, щибаб мацІалда кІалъалез рецц гьабила нилъер Эмен – Аллагьасе.

 

ЦІваби гІадин, нужго кенчІезе...

 

12Гьале, дир хириял, дун гьенив вугеб мехалъ нуж дие мукІурал рукІиндал, дун гьениса индалги дагьабги цІикІкІараб мукІурлъигун ва Аллагьасукьа хІинкъун хІалтІе нужго хвасарлъиялъе гІоло. 13Жиндаго лъикІ бихьухъе рижизарула Аллагьас нужелъ нужер къасдалги ишалги. 14-15Гьаб мекъаб-тІекъаб наслуялда гьоркьоб нужеца абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб бугеб мехалда, зигардичІого ва дагІбадичІого тІуразаре нужер киналго ишал, бецІаб сардилъ цІваби гІадин, нужго кенчІезе, мунагь-хІакъ гьечІеллъунги, гІайиб-хатІа гьечІеллъунги, Аллагьасул рацІцІадал лъималлъунги нужго лъугьине. 16Гьедин гьабуни, МасихІ вачІараб къоялъ дун нужедаса чІухІила, векерун чІалде щвезе бахъараб дир хІаракат ва захІмат гІадада ккечІилан. 17Хирияб бакІалда лъураб хъабиниса чагъир гІадин, дир би нужер божи-иман сабаблъун гІодобе тІолеб бугониги, дун вохун вуго, нуж киназдаго цадахъ вохун вуго дун. 18Нужги роха, дида цадахъ роха нужги!

 

Тимофейги Эпафродитги

 

19Дир хьул буго ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун кватІичІого нужехъе Тимофей витІизе, нужер рахъалъ гьесдасан цІияб хабарги лъан, дирги ракІ тирхизе. 20ГьевгІан диргун хІал бащадав чи цониги гьечІо. РакІ-ракІалъго нужер киналго ишазе кумекалъе хІадурав чиги вуго гьев. 21Цогидазин абуни, МасихІ ГІисаесеб гуреб, жидеегосеб балагьула. 22Нужеда лъала гьев кьучІав чи вугевлъи ва Рохалил хабаралъе гІоло гьев дида цадахъ, инсуда цадахъ вас гІадин, хІалтІаравлъиги. 23Гьединлъидал, дир иш кин ккелебали лъарабго, гьев нужехъе витІизе хьул буго дир. 24ТІадегІанас дир ракІчІезабулеб буго кватІичІого нужехъе вачІине диеги рес ккелилан.
25Цинги хІукму ккана гьанив дида цадахъ хІалтІарав ва къеркьарав диналъул вац, дие хІажалъулеб хъулухъалъе нужеца витІун вачІун вукІарав Эпафродит тІадвуссун нужехъе витІизе. 26Кутакалда нужеде ракІ щун вуго гьев, жив унтун вукІин нужеда лъан бугилан цІакъ къваридгоги вуго. 27ХІакъикъаталдаги хвалде ккун унтун вукІана Эпафродит, амма Аллагь гьесда гурхІана, гьесда гуревги, дидаги гурхІана, – къварилъиялда тІадеги къварилъи биччачІо Аллагьас диде. 28Гьединлъидалин гьев тІадвуссун витІизе хІукму гьабизе дун гІедегІарав: нахъеги гьев вихьун нужер рекІелъ рохелги цІикІкІина, дир рекІел къварилъиги чучила. 29БетІергьанас витІарав чи гІадин рохун къабул гьаве нужеца гьев. Гьединал гІадамазул хІурматги гьабе, 30щайгурелъул МасихІил ишалъе гІоло рухІ кьезе хІадурго хвалде гІагарлъун вукІана гьев, дие хъулухъ гьабизе гьечІеб нужер рес бецІизе бокьун.

 

3 бетІер

 

Къанунал тІуразариялъ чи ритІухълъуларо

 

1Гьанже, вацал, ТІадегІанасде цолъун, рекІелъ рохел цІикІкІаги нужер.
Цого жо гІемер бицине диени захІмалъиларо, амма нужер рекІелъ гьеб дагьабги щулалъизе бокьун буго. 2Воре, гьел гьабзаздаса цІуне нужго, квешлъи гьабулездасаги цІуне, инсанасул лага къотІун рехулездасаги цІуне! 3Нилъецайин унго-унгояб сунат цІунулеб бугеб, – Илагьияб РухІалдалъун Аллагьасе гІибадат гьабулеб бугелъул нилъеца, МасихІ ГІисадалъун нилъ чІухІунги ругелъул ва тІасан бихьулелъул хІакъалъулъ гІадатазде мугъ чІвалебги гьечІелъул. 4Гьел гІадатазде мугъ чІвазе лъиданиги ракІалде ккун батани, цогидазеялдасаги цІикІкІун гьелъие ихтияр бугеб дир! 5Микьабилеб къоялъ сунатги гьабураб дие, Исраилил халкъалъулги вугев дун, Буняминил наслуялъулги вугев, жугьутІаздаса жугьутІавги вугев. Къануназул рахъ босани, фарисеязул мазгьабалъулги вукІарав дун, 6иман лъуразул агьлуялъе гІазаб-гІакъуба кьезе цІакъго хІаракатги бахъулеб букІараб дица. Къанунал тІуразарурав чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунев вукІаравани, гьеб рахъалъги дун камиллъун вукІана. 7Амма дие тІокІлъи-хайирлъун букІарабщинаб зарал-зиянлъун рикІкІуна дица гьанже, МасихІиде иман лъун хадуб. 8Гьебали щиб гурин, хІатта кина-щинабгоцин зарал-зиянлъун рикІкІуна дица, дир ТІадегІанав МасихІ ГІиса дидаго вичІчІун лъаялъул тІокІлъи-хайиралда данде ккуни. МасихІ диего хайирлъизе ва гьесуллъун лъугьине бокьун, кинабго рехун тана дица, – рищни-къуллъун рикІкІуна дица гьеб кинабго. 9Къануналда нахъвилълъун дие щвезе букІаралдалъун гуреб, гьесде иман лъеялдалъун рикІкІана Аллагьас дун жиндие ритІухъав чилъун. Инсанасул божи-иманалъухъ балагьун гьабула Аллагьас гьедин. 10Дир цохІо мурад буго: МасихІги гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьги лъазе, МасихІил гІазаб-гІакъубаги диего гІахьал гьабизе, хвалилъги гьесда релълъине! 11Дирги хьул бугелъулха хваралъуса вахъине!

 

«Цебе букІарабги кІочон тун, дун цевехун къавукъунев вуго»

 

12Шапакъатги щун бугин ва тІубанго вацІцІалъунги вугин абизе бокьун гьечІо дие. Амма дун чІалде къавукъунев вуго, МасихІ ГІиса дидаса бергьарав гІадин, бергьине бокьун. 13Дие бергьенлъи щун бугилан абизе кІоларо, вацал, дида. Дица абила, нахъехун хутІарабги кІочене тун, дун цевехун къавукъунев вугин, 14чІалде цеве кІанцІулев вугин, бергьенлъиялъул шапакъат щвезе бокьун бугин. МасихІ ГІисадалъун дун Аллагьас зобалазде ахІулев вуго гьеб шапакъат босизе. 15Гьединаб пикру букІине ккола киналго нилъер иман камиллъарал гІадамазул. Гьелдаса батІияб пикру нужер бугеб батани, Аллагьас бихьизабила нужеда кинаб пикру битІараб бугебали. 16Амма гьанжелъагІан нилъее щварабги щулаго ккун хьвадизе ккола нилъ. 17Дидасан мисал босе, вацал, ва нижедасан мисал босун хьвадулезухъги ралагье. 18ГІемерисел хьвадулел ругелъулха МасихІил хъанчил тушбаби гІадин. Гьелъул хІакъалъулъ дица нужеда гІемер бицун букІана ва гІодилаго гьанжеги бицунеб буго. 19Гьезул ахир – жужахІ буго, гьезул «аллагь» – чехь буго. Гьел чІухІулел руго жидерго инжитлъиялдаса. Дуниялалъул гурони пикру гьабуларо гьез. 20Амма нилъер ватІан зобалазда буго. Нилъ хвасар гьарулев ТІадегІанав ГІиса МасихІ гьенисан вачІиналъухъ урхъун руго нилъ. 21Гьес нилъер загІипаб ва хвалие мутІигІлъулеб черх хиса-сверизабила. Киналдаго тІад кверщел гьабизе гьесие кьураб къудраталдалъун МасихІица гьеб релълъинабила Аллагьас машгьурлъизабураб жиндирго черхалда.

 

4 бетІер

 

Павелил насихІатал

 

1Гьанже, дир хириял ва урхъарал вацал, дир рохелги чІухІиги руго нуж. ТІадегІанав ГІисал нухдаса кьуруге, хириял! 2Эводиядаги гьарулеб буго дица, Синтихиядаги гьарулеб буго, ТІадегІанасе гІоло, рагІи данде ккезабейилан, яцал гІадин рукІайилан. 3Дида цадахъ цо рукьалда ван вукІарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва ГІумруялъул ТІехьалда жал рехсон ругел цогидал гІадамазго гІадин, гьей кІиялъгоги хІаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тІибитІизабизе.
4ТІадегІанасде нуж цолъун рукІиналдаса роха кидаго! Цоги нухалъ абулеб буго: роха нуж гьелдаса!
5Нужер сабруяб хІеренлъи киналго гІадамазда лъазе биччанте. ТІадегІанав нужеда аскІов вуго. 6Сундулниги ургъел гьабуге. Аллагьасе рецц гьабун, нужеца гьаре, сунде хІажалъи нужер рекІелъ бижун бугебали дугІадулъ загьир гьабун. 7Аллагьасдасан рещтІунеб ва гІадамасул гІакълу хадуб гІунтІуларебгІан тІадегІанаб хІалхьи-парахалъи лъугьина нужер ракІазулъе. МасихІ ГІисал нухдаса таруларедухъ цІунила гьелъ нужер ракІалги пикрабиги.
8Ахиралдаги, вацал, нужер рекІелъ рукІине риччанте хІакъабщиналъулги, къадруябщиналъулги, ритІухъабщиналъулги, бацІцІадабщиналъулги, гьайбатабщиналъулги, мустахІикъабщиналъулги, – кинабго лъикІабщиналъул ва беццизе рекъарабщиналъул пикраби. 9Дидасан нужго ругьунлъарабги, нужеда лъарабги, рагІарабги, бихьарабги гьабе нужеца. Ракълиде рачунев Аллагь вукІина нужеда цадахъ.

 

Сайигъатазухъ баркала кьолеб буго Павелица

 

10ГІемераб заманаялдасан нужеда нахъеги ракІалде щведал, ТІадегІанасде цолъун, кутакалда вохана дун. Дие кумек гьабизе рес ккечІолъи гурони, гьанжелъагІанги нужеда кІочон тун вукІинчІевлъи лъала дида. 11Сундениги хІажат вукІун гуро дица гьедин абулеб бугеб, – кинаб ахІвал-хІалалде кканиги, гьелдаса ракІ разилъизе ругьунлъун вуго дун. 12Мискинлъиги бихьана дида, бечелъиги бихьана. ГІорцІиялдаги ракъиялдаги ва гьарзалъиялдаги гьечІолъиялдаги гъорлъ ччун вахъарав чи вуго дун. 13Кинабго хІехьезе къуват кьуна ТІадегІанас дие.
14Кин бугониги, гьаб къварилъиялда вугев дие нужеца кумек гьаби лъикІ ккана. 15Нужеда – Филиппиялъул гІадамазда – лъикІго лъала, Македониялдаса араб мехалъ, цохІо нужедасан гурони, иман лъуразул цогидаб агьлуялдасан дие хайирги заралги букІинчІеблъи. Гьеб букІана Рохалил хабар тІибитІизабизе байбихьараб заман. 16Фессалоникаялда дун къваридго вугеб мехалдаги чанги кумек гьабуна нужеца дие. 17Лъилниги сайигъат бокьун гуро гьадин абулеб бугеб, нужее гьелъул кири щвезе бокьунин! 18Нужеца Эпафродитихъ битІун бачІарабги кинабго щвана дихъе. Гьанже кинабго гІунги тІокІ буго дир. Биччанте нужер рахъалдасан гьеб букІине Аллагь разилъулеб къурбанлъун, махІ гьуинаб кьеккенлъун[1]. 19Жиндирго гьарзаяб хазинаялдасан къваригІанщинаб кьеги дир хирияв Аллагьас нужее, гьелдалъун МасихІ ГІиса кІодолъи загьирлъизе. 20Абадул абадиялъго рецц буго нилъер Эмен – Аллагьасе! Амин!

 

Цогидазулги саламал

 

21Салам бице МасихІ ГІисаде цолъун рацІцІалъарал киназдаго. Гьанир дида аскІор ругел диналъул вацазул салам буго нужеде. 22Нужеде салам буго киналго рацІцІалъаразул, хасго къайсарасул кІалгІаялъур ругезул.
23ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужер гІумруялда!

 

 

Колоссиязухъе кагъат

Колоссиязухъе Павелил кагъат

 

Колоссиязухъе гьаб кагъат хъван буго гІага-шагарго 60-абилел соназул авалалда. Колосси букІана ГьитІинаб Азиялда бугеб Фригия вилаяталъул гьитІинабго шагьар. Павел чапар гьениве щун вукІинчІо, амма гьенире вагІза-насихІаталъе жиндирго кумекчагІи ритІулаан гьес. Кагътида хъвалеб буго ГІиса МасихІ кколин Аллагьас бижарабщиналдаса тІадегІанавлъунги тІоцеве гьавуравлъунги. Аллагьас жиндирго Вас хваралъуса вахъинавунин, сундулъго гьес тІоцебесеб бакІ кквезе бокьун.
Павелица гІакълу кьолеб буго хвасарлъизе ккани гІадамазул гІадатазда нахърилълъине кколин яги тІабигІиял къуватазе лагълъи гьабизе кколин чІезабулел гьересинасихІатчагІаздаса нужго цІунейилан.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Аллагьасул амруялдалъун ГІиса МасихІил чапарлъун лъугьарав Павелил ва нилъер диналъул вац Тимофейил рахъалдасан 2салам буго Колосси шагьаралда ругел нижер божарал ва рацІцІадал вацазде – МасихІиде цолъаразул агьлуялде. Нилъер Эмен – Аллагьасул баркатги саламги лъеги нужеда.

 

Павелица Аллагьасе рецц гьабулеб буго

 

3ДугІадулъ нуж рехсолаго, нижеца кидаго рецц гьабула нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Инсуе – Аллагьасе. 4Нижеда рагІана МасихІ ГІисаде нужер божи-иман цІикІкІунеб бугилан ва киналго иман лъуралги нужее рокьулел ругилан. 5Зобалазда нужее цІунун бугелде лъураб хьулалъ бижизабураб буго гьеб божи-иманги рокьиги. Гьеб хьул нужелъ бижана хІакъикъияб Рохалил хабар нужеда рагІараб мехалъго. 6ТІолабго дуниялалдаго тІибитІун бугеб гІадин нужехъеги щвана гьеб Рохалил хабар, нужер гьенибги гьеб тІегьан буго, тІад пихъ бижун буго Аллагьасул цІобалъул хІакъикъат лъаралдаса нахъе. 7Гьеб нужеда малъана нилъер ишалъе хІалтІулев вугев ва нижее вокьулев Эпафрасица. Нужее мунпагІаталъе гьес МасихІие ритІухъго хъулухъ гьабулеб буго. 8Илагьияб РухІалъ нужер рекІелъе лъугьинабураб рокьул хІакъалъулъги бицана гьес нижеда.

 

«Нужги рехсон, гьари-дугІа къотІизе толеб гьечІо нижеца»

 

9Гьединлъидал нужер хІакъалъулъ гьеб рагІараб къоялдаса нахъего, нужги рехсон, Аллагьасде гьари-дугІа гьоркьоса къотІизе толеб гьечІо нижеца. Нижеца Аллагьасда гьарулеб буго гьесул щибаб амру сундулъ бугебали тІубанго лъазелъун нужер бичІчІи-лъай цІикІкІагиян ва рухІанияб гІелму камиллъагиян. 10ТІадегІанав ГІисадаса мисал босун, гьесие бокьулебщинабги гьабизе нужер ишазул гъотІода лъикІабщинабги барщизе ва Аллагьги цІикІкІун лъазе рес рекъагиян гьарулеб буго. 11Аллагьасул къудраталдалъун рекІее къвакІи кьеги нужее. Гьебмехалъ нужеда кІвела киналъего сабру гьабизе ва хІехьезе. Гьелдаса разилъун 12нужеца Инсуе – Аллагьасе рецц гьабила. Жиндирго Нуралъ гвангъизарурал ва рацІцІалъарал гІадамазе ирсалъе щолелъул бутІа кьезе мустахІикъаллъун рикІкІана нужги Аллагьас. 13Аллагьас нуж бецІлъиялъул лагълъиялдаса тархъан гьаруна ва жиндиего вокьулев Васасул ПарччахІлъиялде рачана. 14Гьев Васасдалъун нилъер мунагьалги чурунин Аллагьас нилъ тархъан гьарурал.

 

ГІиса МасихІил тІадегІанлъи

 

15Гьев вуго вихьуларев Аллагьасул бихьизе бажарулеб сурат. Аллагьас бижарабщиналдаса тІадегІанавлъун тІоцеве гьавурав вуго гьев. 16Гьев сабаблъун бижана кинабго зобалазда бугебги ва ракьалда бугебги, бихьулебги бихьуларебги, ай тахида ругел, кверщел бугел, хІакимзабилъун ругел, ханзабилъун ругел рухІалги. Гьесдалъун ва гьесие гІоло бижана Аллагьас кинабго. 17Сундасаго цеве вукІана гьев, гьесдалъун цІунун буго киналъулго низамги. 18Иман лъуразул агьлу черхлъун рикІкІани, гьелда тІад бетІерлъун вуго МасихІ. Сундулго авал вуго гьев. Аллагьас жиндирго Вас хваралъуса тІоцеве вахъинавуна, сундулъго гьес тІоцебесеб бакІ кквезе бокьун. 19Аллагьасе бокьана жиндилъго бугебщинаб жиндирго Васасулъги букІине. 20Аллагьасе бокьана гьесдалъун киналго жиндего цолъизаризе. Хъанчида ван гьев хвей сабаблъун зоб-ракьалда бугебщиналда гьоркьоб рекъел лъугьана.
21Нуж Аллагьасдаса рикІкІад ругеб ва нужер квешал къасдалги ишалги сабаблъун гьесул тушманзабилъун ругеб заманги букІана. 22МасихІ инсан вукІиндал ва инсан гІадин хведал, гьанже Аллагьас нуж жиндего цолъизаруна ва нужергун рекъел гьабуна: рацІцІад гьарун, мунагьал чурун ва гІайиб-хатІаялда тІасалъугьун нуж жиндаго цере чІезаризе. 23Гьедин букІина нужеда рагІараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричІого божани, къвакІун чІани ва нужер хьулги къинчІони. Жиндие хъулухъалъе дун – Павел – вукІараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна.

 

Павелица жиндирго хІакъалъулъ бицунеб буго

 

24Нужее пайда букІине гІоло дица гІазаб-гІакъуба баччулеб букІиналдаса вохун вуго дун. Иман лъуразул агьлу – гьеб ккола МасихІил черх. Гьеб черхалъе гІоло гІазаб-гІакъуба баччун буго дир черхалъ, гьесул черхалъ баччизе ккараб гІазаб-гІакъубаялъул хутІараб цо бутІа дидаго тІаде босун бугелъул. 25Иман лъуразул агьлуялъе дица хъулухъ гьабулеб буго, Аллагьас бихьизабухъе, гьелдалъун нужее Аллагьасул рагІи тІубанго загьирлъизе бокьун. 26Кидагоги киназдасагоги бахчун букІараб РагІи буго гьеб. Гьанже гьеб РагІи Аллагьасда цере рацІцІалъарал гІадамазе загьирлъана. 27Аллагьасе бокьана цогидал халкъазда гьоркьоса рацІцІалъарал гІадамазе гьеб балъголъиялъул машгьурлъиги кІодолъиги загьир гьабизе. Гьеб балъголъи ккола – нужелъ МасихІ чІаго вукІин. Гьединлъидал нужеца хьул гьабе нужго машгьурлъизе рукІиналде.
28Нижеца МасихІил хІакъалъулъ хабар халкъалда гьоркьоб тІибитІизабулеб буго, цІакъ цІодорго-гІакъилго гьел кантІизарулел руго, гьезие насихІат гьабулеб буго, киналго камилаллъун ва МасихІгун цолъараллъун Аллагьасда цере чІезе. 29Гьелъие гІоло хІалтІулев вуго дун, ва дилъ багъулеб буго гьесдасан щвараб гучаб къуват.

 

2 бетІер

 

1Нужееги, Лаодикеялда ругезеги, цогидал киданиги дир гьумер бихьичІел иман лъуразеги гІоло дун кигІан кутакалда къеркьолев вугевали нужеда лъазе бокьун буго дие. 2Гьезул ракІал къвакІизе, цоцазе рокьун, цолъун рукІине, хІакъабщиналъул гІелму тІубанго бичІчІизе, бичІчІун хадуб, гьелда гьезул тІубанго ракІчІезеги бокьун буго дие. Гьеб мехалъ тІубанго загьирлъула Аллагьасул балъголъи – МасихІ! 3ХІакълъунго МасихІилъин бугеб гІакълу-лъаялъул балъгояб хазина.
4ЛъикІабилан кколеб хабар бицун, лъицаниги нуж гуккунгутІизе абулеб буго дица гьадин. 5Дун гьенив гьечІониги, дир ракІ нуж киназдаго цадахъ буго. Дун вохун вуго нужер гІадлу-тадбиралдасаги МасихІиде бугеб щулияб божи-иманалдасаги.

 

«ЦІияб ретІел – цІияб гІумру»

 

6МасихІ ГІиса нужерго ТІадегІанавлъун рикІкІун вугелъул, сундулъго гьесде цолъун хьваде. 7МасихІ ккола нужер минаялъул кьучІги ва нужер гъотІол кьибилги. Нужеда малъараб къагІидаялъ божи-иман щулалъизабе, шукру гІемер гьабе. 8Вореха, гІадамазул философиялъги гьодорал рагІабазги гуккун, лъицаниги нуж къосинаризе гурин. Гьеб кинабго МасихІидасан бачІараб гуро, гьеб бачІун буго гІадамазул гІадатал цІуниялдасан ва тІабигІиял къуватазе лагълъи гьабиялдасан. 9Нужеда лъан букІа: МасихІил чорхолъ гІадамазе тІубанго загьирлъана кинабго бичасулабщинаб. 10Гьесде цолъарал нужее щвана хІакъаб гІумру гьабизе рес. ХІакълъунго гьесухъ буго дуниял-гІаламалъул хІакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги киналго рухІазул кверщел. 11Гьевгун цолъиялдалъун нужги лъугьана сунат гьабурал чагІилъун. Амма гІадамаз гьабулеб гІадинаб сунат гуребха гьеб. Нужер чорхолъ ругел мунагьазул лагълъиялдаса МасихІица тархъан гьари лъугьана нужее сунат гьабилъун. 12Нуж лъадалъ ччун рахъи кколаан МасихІида цадахъ хабалъ рукъиги ва гьесда цадахъ хваралъуса рахъинги. Гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул хІалкІолъиялда божидалха нуж. 13Хварал чагІи кколаан цере нуж, мунагьазул цІун рукІиндал ва нужее сунат гьабун букІинчІелъул. Амма Аллагьас, мунагьалги чурун, МасихІида цадахъ нилъ чІаголъизаруна. 14Мусал къанун цІуничІолъиялдалъун нилъеда тІад букІараб тІолабго налъиги Аллагьас тІаса рехана. МасихІил хъанчида тІад хвезабуна гьес гьеб налъи. 15ХІакимзабилъун ругелги ханзабилъун ругелги рухІазул кодоса ярагъ бахъана гьес, халкъалда цереги суризаруна ва инжитго тІад малги чІана.

 

Павелица хъвалеб буго гуккизе чІогейилан

 

16Гьединлъидал квана-гьекъеялда, моцІ цІилъиялда ва шамат къоялда хурхарал, гьединалго цогидалги киналалиго байрамазул къанун нужеца хвезабулеб бугилан лъицаниги гІайиб чІвагеян абе. 17Гьел киналго нилъее рихьизарун рукІарал къанунал кколаан хадуб бачІине бугелъул рагІад. Амма хадув вачІарав МасихІ рагІад гуро!
18Рихьдаего гІодоре риччан чІолезги малаикзабазе лагълъи гьабулезги нужеда гІайиб чІвагеян абе. Жидедаги хІикмат бихьанилан чІун, жидерго инсанияб гІакълу-лъаялдаса чІухІун, гаргадулел чагІи руго гьел. 19МасихІидаса ратІалъун руго гьел. Черхалда кверщел бетІералъ гьабулеб гІадин, МасихІихъги буго киналъулго кверщел. ЩукІдуз лугби цолъизарун, цо черх лъугьунеб гІадин, нилъ цолъизарун цого черх лъугьинабуна МасихІица, Аллагьасе бокьухъе кІудияб гІела гьеб. 20МасихІида цадахъ хун, дуниялалъул кверщел кодосел рухІазул лагълъиялдаса тархъанлъарал нужеца щай гьабизе кколеб дуниялалда ругезулго гІадинаб гІумру? 21«Квер хъваге», «кванаге», «кодобе босуге» гІадинал къанунал щай нужеца цІунизе кколел? 22ГІадамаз ургъарал руго гьел амруги къанунги. Цо дагьаб мехалъ нилъеца пайда босулел, цинги тІагІун унел жалазда хурхарал руго гьел. 23Кколарелъе лагълъи гьабизе тІамиги, рихьдаего гІодоре риччан чІейги, черх квегъиги гІакъилаб жойилан ккола гьезда. Амма нилъер чорхол гьаваялъ гьесизарулел мунагьазда данде рагъизе кумек гьабуларо гьелъ.

 

3 бетІер

 

ЦІияб гІумруялъул хІакъалъулъ цоги нухалъ

 

1МасихІида цадахъ чІаголъана нужги. Гьединлъидал Аллагьасул кваранаб рахъалда МасихІ гІодов чІун вугел зобалазда бугелъулин нужеца пикру гьабизе кколеб. 2Ракьалда бугелъул гьабичІого, зобалазда бугелъул гьабе пикру. 3Гьаб дуниялалъе нуж хвана. МасихІил гІумру гІадин, нужер гІумруги гьаб дуниялалдаса босун, жиндилъго бахчана Аллагьас. 4Амма МасихІ дуниялалъе загьирлъизе вуго. Гьев вуго нужер гІумру – гьединлъидал гьев загьирлъаравго, гьесул машгьурлъи щвела нужееги.
5Гьаб дуниялалъулалщинал жал: хъахІбалъи, хъублъи, чорхол гьава, квешал къасдал къинаре нужелъго ва гьересиаллагьлъун кколеб къарумлъиялъе лагълъиги гьабуге! 6Аллагьасул ццин бахъине буго гьел гІамалал ккурал гІадамазда. 7Гьел рехсарал гІамалаз нуж къосинарулел рукІараб заманаялда, нужги хьвадулаан гьездаго релълъун. 8Амма гьанже нуж рикІкІалъизе ккола ццидадаса, гьалаглъиялдаса, квешлъиялдаса; цоцаздасан какдезеги цоцазда квешал рагІаби абизеги бегьуларо. 9Цоцазе гьереси бицунге. Басрияб ретІел гІодобе рехулеб гІадин, гьанже нужеца инкар гьабизе ккола цебе нужер букІараб гІумруялдасаги гІамал-хасияталдасаги. 10Нужее щвана цІияб ретІел – цІияб гІумру. Нуж Рижарасда релълъинелъун ва Аллагь цІикІкІун лъазелъун буго гьеб нужер гІумру цІилъулебго цІилъулеб. 11Гьанже чиясул батІалъи гьечІо – грек вукІаниги, жугьутІав вукІаниги, сунат гьабурав яги гьабичІев вукІаниги, апараг вукІаниги, скиф[1] вукІаниги, лагъ яги узден вукІаниги. Вуго цохІо МасихІ! Гьев киназулъго вуго, кинабголъунги вуго! 12ГІаламалда гьоркьоса Аллагьас жиндиего бокьулеб агьлулъун лъугьинабизе тІаса рищана нуж. Гьединлъидал нужее цІияб ретІеллъун букІине биччанте гІадамаздехун бугеб гурхІел-рахІмуги, лъикІлъиги, хІеренлъи-хІалимлъиги ва сабруги. 13Нужеца цоцазда гьоркьоб сабру цІунизе ккола ва цоцазул гІайиб-хатІаялда тІасалъугьинеги ккола – БетІергьан нужеда тІасалъугьана, нужги цоцазда тІасалъугьа. 14Бищунго аслияб жо – нуж цоцазе рокьизе ккола. Рокьи буго кинабгоги цолъизабулеб ва камиллъизабулеб таж. 15МасихІидалъун нужее щвараб рекъелалъ кверщел гьабизе биччай нужер ракІазда. Аллагьас тІаса рищун нужее кьуна гьеб – гьедин цолъун, цого черх гІадин лъугьана нуж. Аллагьасе рецц гьабе гьелъухъ! 16МасихІил рагІул тІолабго хазинаги рекІелъ цІунун, малъе цоцазда ва цоцазе гІакълаби кье, туркаби ва Аллагь веццарал назмаби ахІе, ракІ-ракІалъго БетІергьанасе рецц гьабе. 17ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІар рехсон гурони щибго гьабуге, щибго абуге. Гьесул цІарги рехсон нилъер Эмен – Аллагьасе реццги гьабе.

 

Агьлу-хъизаналъулги лагъзадерилги хІакъалъулъ

 

18Руччаби росабазе мутІигІлъе. Гьеб буго ТІадегІанав ГІисаде иман лъуразул нух. 19Росабазе лъудби рокье ва гьездехун хъачІлъуге. 20Лъималаз эбел-инсул малъараб гьабе сундулъго, гьеб буго ТІадегІанав ГІиса разилъулеб гІамал. 21Эбел-инсуца лъимал къварид гьаруге, гьел пашманлъизе гурин. 22Лагъзал сундулъго мукІурлъе гьаб ракьалда ругел жидерго бетІергьабазе. Гьел ругеб бакІалда жалго лъикІ рихьизе гуребги, гьел гьечІеб бакІалдаги мукІурлъе кидаго, ракІ-ракІалъго ва ТІадегІанасукьа хІинкъун. 23ГІадамазе гІоло гуреб, ТІадегІанав ГІисае гІоло гьабулеб бугеб гІадин щибгоги ракІ-ракІалъго тІубазабе. 24ХІакъикъаталда нужеца лагълъи гьабулеб буго ТІадегІанав МасихІие. Жиндирго халкъалъе цІунун бугеб хазинаялъул бутІа шапакъатлъун кьела ТІадегІанас нужее нужер киналго ишазухъ. Гьеб лъай нужеда. 25Нужеда лъай квешлъи гьабуразе тамихІ букІине бугеблъи, – квешал ишазухъ киналго гІадамазе тамихІ цого къагІидаялъ гьабизе буго.

 

4 бетІер

 

1Ле, лагъзадерил бетІергьаби, нужеца нужерго лагъзадерида тІад ритІухъаб къагІидаялъ кверщел гьабе гьел ратІа гьаричІого. Нужеда кІочон тоге зобалазда нужерги БетІергьан вугевлъи.
2РорчІуда чІа ва кидаго Аллагьасе рецц гьабун гьари-дугІаялда рукІа. 3Нижги дугІадулъ рехсе. МасихІилъ бугеб балъголъиялъул бицине нижер кІалаздаса кІулал ричІейилан гьаре Аллагьасда. Гьеб сабаблъунин дун туснахъалъув вугев. 4Дида тІадаб куцалда гьеб баянго бичІчІизабизе дие рес ккагийилан гьаре нужеца.
5Нужерго заман гІадада хвеларедухъ гІакъилго-цІодорго гьоркьоблъи гьабе иман лъечІезулгун. 6ТІаде цІам щвараб кваница гІадин гІадамал рази гьарулеб ва баркат бугеб букІине ккола нужер калам. Суал кьуравщинасе жаваб кьезеги лъазе ккола.

 

Тихикилги Онесимилги хІакъалъулъ

 

7Дир хІакъалъулъ нужеда бицина дир хирияв диналъул вац ва ТІадегІанав ГІисал ишалъе хъулухъ гьабулев вугев Тихикица. 8Гьединаб мурад букІунин дица гьев нужехъе витІарав. Гьес нижер ахІвал-хІал нужеда бицина ва нужер ракІбатизабила. 9Гьесда цадахъ вачІина нижее вокьулев ритІухъав вац Онесимги. Нужер чи вуго гьев. Гьез бицина нужеда гьаниб ккарабщиналъул хІакъалъулъ.

 

Гьудулзабазул саламалги цогидал насихІаталги

 

10Нужеде салам буго дида аскІов туснахъалъув вугев Аристархилги Маркилги (гьев Марк ккола Барнабал вацгІал, гьесул хІакъалъулъ ругьел битІун букІана нужехъе, гьениве вачІани, гьесие гьоболлъи гьабеян). 11Юст абун тІокІцІар бугев ГІисалги буго нужеде салам. Аллагьасул ПарччахІлъиялъе гІоло дида цадахъ хІалтІулел ругел дир кумекчагІазда гьоркьор гьел гурони жугьутІал гьечІо. Кидаго дир рекІее бигьалъи лъугьинабулел чагІи руго гьел. 12МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулев чи нужерго Эпафрасилги буго нужеде салам. Нужги рехсон, кидаго Аллагьасде кІудияб гьари-дугІаялда вуго гьев. Нуж камиллъагиян ва Аллагь разилъулебщинабги нужехъа лъугьагиян гьарулеб буго гьес. 13Лаодикеялда ва Иераполалда ругел иман лъуразеги нужееги гІоло гьев хІаракаталда хІалтІулев вукІиналъе нугІлъи гьабулеб буго дица. 14Нужеде салам битІулеб буго Демасица ва нижер хирияв тохтир Лукацаги. 15Нижер салам бице Лаодикеялда ругел вацазда, гьединго Нимфада ва гьелъул рокъоб данделъулеб жамагІаталда. 16Нужеца цІалун бахъараб мехалъ, гьаб кагъат битІе Лаодикеялда ругел вацазухъе, гьезги цІализе букІине. Доб Лаодикеялде битІараб кагъат нужехъе бачІинабе, нужецаги цІализе. 17Архиппида абе ТІадегІанав ГІисал тІадкъай тІубазабизе кколилан.
18Дица – Павелица – дирго квералъ хъвараб саламги битІулеб буго нужеде. Дида рахсал ран рукІин кІочон тоге. Баркат лъеги нужеда!

 

 

Фессалоникиязухъе тІоцебесеб кагъат

Фессалоникиязухъе Павелил тІоцебесеб кагъат

 

Греказул Македония вилаяталъул Фессалоника шагьаралда (гьанжесеб Салоники) жинцаго гІуцІараб иман лъуразул жамагІаталде гІага-шагарго 50-абилел соназда кІиго кагъат хъван буго Павел чапарас.
ТІоцебесеб кагътида Павелица гьезие насихІат гьабулеб буго Къиямасеб Къоялъул ва гьеб гІагарлъараб мехалъ ккезе ругел ишазул, хварал тІаде рахъинаризе рукІиналъул хІакъалъулъ. Гьес малъулеб буго дугІаби гІемерлъизарейин, сабру цІикІкІинабейин. Дуниял ахирлъизехъин бугилан тІатІала квералги лъун чІогейилан ва хІалалаб мухь щолеб хІалтІудалъун нужерго магІишат гьабейиланги малъулеб буго.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Нилъер Эмен – Аллагьасде ва ТІадегІанав ГІиса МасихІиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде Павелил, Силал ва Тимофейил салам буго. Баркат лъеги нужеда!

 

«ДугІадулъ нужги рехсон, Аллагьасе рецц гьабула»

 

2Нужеде баркат рещтІаралъухъ Аллагьасе рецц гьабула нижеца кидаго, нижерго дугІадулъ нужги рехсола. 3Нилъер Эмен – Аллагьасе дугІа гьабулаго нижеда кІочон толаро божи-иманалъ нуж захІмат баччизе тІамулел рукІинги, рекІелъ рокьигун хІалтІулел рукІинги ва нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде хьул лъеялъ нужелъ сабру бижун букІинги. 4-5Нижер Рохалил хабар, рагІабаздалъун гуребги, Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги нужехъе щведал ва гьеб кинабго хІакъаб-кьучІаб бугелъул, нижеда лъала, вацал, Аллагьасе нуж рокьулеллъиги гьес нуж тІаса рищун рукІинги. Нужеда лъала нужее лъикІлъиялъе ниж гьенир кин хІалтІаралали. 6Нижедаса ва ТІадегІанасдаса мисал босун хьвадана нуж. ГІемер гІазаб-гІакъуба бихьаниги, Илагьияб РухІалдаса рохун къабул гьабуна нужеца нижер рагІи. 7Нужгоги мисаллъун лъугьана Македониялда ва Ахаялда ругел киналго иман лъуразе. 8Македониялда ва Ахаялда гуребги, киса-кибего нужедасан тІибитІана ТІадегІанасул хІакъалъулъ хабар, гьединго тІибитІана Аллагьасде нужер иманалъул хІакъалъулъ хабарги. Гьединлъидал нужер рахъалъ лъиданиги щибниги бицине кколаро нижеца. 9ГІадамаз жидецаго бицуна нижеда гьениб нужеца нижее гьабураб гьоболлъиялъулги, гьересиаллагьзабазул сураталги нахъе рехун, нуж Бичасде руссиналъулги, ЧІагояв ва ХІакъав Аллагьасе гьабулеб нужер гІибадаталъулги, 10хваралъуса вахъинавурав гьесул Вас, къиямасеб къоялъ Аллагьасул цциналдаса нилъ хвасар гьарулев ГІиса вачІиналъухъ нуж ралагьун чІун рукІиналъулги.

 

2 бетІер

 

Павелги фессалоникиялги

 

1Нужедаго лъала, вацал, ниж гьенире рачІин гІадада ккечІеблъи. 2Гьенире рачІиналде Филиппиялда нижее кьураб гІазабги гьабураб инжитлъиги лъала нужеда, бугониги гьениб кутакаб дандечІейги къинабун, нижеца иман лъурав Аллагьас нижер ракІал къвакІизаруна, гьесдасан бачІараб Рохалил хабар нужееги бицине букІине. 3Нижер рагІабазулъ я гьереси, я хъублъи, яги рекІкІ гьечІо. 4Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад. 5Гьересияб рецц-бакъалъул рагІабигун рачІинчІо ниж гьенире, ва боцІи-рикъзиялде хъантІиги бахчун букІинчІо нижер рагІабазулъ. Гьеб нужедаги лъала, Аллагьги вуго гьелъие нугІлъун. 6Нижеца гІадамаздаса рецц-бакъ тІалаб гьабичІо – я нужедаса, яги цогидаздаса.
7МасихІил чапарзаби ругилан нужер гьодиде гьир ккезабизе бегьилаан нижеца. Амма каранда хахулеб лъимер бугей эбел гІадин, цІакъ хІеренго хьвадана ниж нужеда гьоркьор. 8Нуж нижее цІакъ рокьана! Рохалил хабар нужехъе кьей гуребги, нужее гІоло рухІ кьезеги разилъилаан ниж. ГьедигІанги хиралъана нуж нижее. 9Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна.
10Нужги Аллагьги нугІзаллъун руго иман лъурал нужедехун нижер букІараб ракІбацІцІалъиялъеги, ритІухълъиялъеги, гІайиб-хатІа ккезе биччачІолъиялъеги. 11-12Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи.
13Нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, нижеца нужеда Аллагьасул рагІи бицараб мехалъ, гьелъухъ гІенеккун, нужеца гьеб инсанасулаблъун гуреб, Аллагьасулаблъун къабул гьабидал. Гьединаб бугизеги буго гьеб. Божи-иман букІиналъин Аллагьасул ишал нужелъ загьирлъулел. 14Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ. 15ЖугьутІаз чІвана ТІадегІанав ГІисаги аварагзабиги, нижги гьез нахъе гъуна. Аллагьги гьез рази гьавуларо, киналго гІадамазда дандечІунги руго гьел! 16Хвасарлъулеб хабар цогидал халкъазда бицине нижее квекІен гьабуна жугьутІаз. Гьелдалъун тІубанго камиллъана кидаго гьез гьарурал квешлъаби! Ахирги Аллагьасул ццин бахъин рещтІана гьезде.

 

Тимофей Фессалоникаялде витІула

 

17Доб мехалъ нужедаса ратІалъизе ккедал, – нижго рикІкІалъаниги, ракІалда нужгун рукІиндал, – нуж рихьизе дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана, вацал, нижеца. 18Гьединлъидал нужехъе рачІине къачІан рукІана ниж, – дун Павелги чанцІулго къачІан вукІана, – амма илбисалъ квалквал гьабуна нижее. 19Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги? 20Нуж руго нижер чІухІиги рохелги!

 

3 бетІер

 

1Гьединлъидал, нужедаса ратІалъи хІехьезе кІвечІеб мехалъ, нижеца хІукму гьабуна, нижгоги Афиниялда чІун, 2нужехъе Тимофей витІизе. Гьев вуго, МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар нижеда цадахъ тІибитІизабун, Аллагьасе хъулухъ гьабурав нижер вац. Гьев витІана нужер ракІбатизабизе, иман щулалъизабизе, 3ва гьеб гІазаб-гІакъубаялдалъун нужер цонигияв къосунгутІизе. Нужеда лъала гьеб гІазаб-гІакъуба Аллагьас нилъее бихьизабун букІин. 4Ниж гьенир ругеб мехалъго нижеца нужеда абун букІинчІищ гьеб гІазаб-гІакъуба гьечІого нилъ хутІиларилан? Гьедин ккараблъиги бихьулеб буго нужеда. 5Гьединлъидалин, ратІалъи хІехьезе кІвечІого, дица нужехъе Тимофей витІарав, нужер иман щулаго бугищали лъазе. Илбисалъ нужги къосинарун нижер кинабго хІаракат гІадада ккезе бегьилищ?!
6Гьанже Тимофей тІадвуссун вачІана ва гьес лъикІаб хабар бачІана нужер иманалъулги рокьиялъулги хІакъалъулъ. Гьес бицана, лъикІалдалъун рехсон, ниж ракІалде щвезарулел ругин нужеца ва, нуж рихьизе нижее бокьун бугеб гІадин, ниж рихьизе нужги урхъун ругилан. 7Гьединлъидал, вацал, киналго балагьалги гІазаб-гІакъубаги хІехьон ругел нижер ракІал гІодоре риччана, нужер иманалъул бициндал. 8Нижер чІаголъи бараб буго кьуричІого нуж ТІадегІанасда божун чІеялда. 9Нужер рахъалъ нилъер Аллагьасе рецц гьабизе ккеларищ, гьесда церелъидал нужеца ниж рохизарурал! 10Къасиги-къадги ракІ-ракІалъ гьарула нижеца гьесда нужеда берчІвазеги ва нужер иманалъулъ камурабги тІад лъезе рес ккезабеян.

 

Павелил гьари-дугІа

 

11Нужехъе рачІунеб нух нижее бацІцІад гьабеги нилъер Эмен – Аллагьас ва нилъер ТІадегІанав ГІисаца. 12Нужеде бугеб нижер рокьиго гІадин, БетІергьанас цІикІкІинабеги ва гІемерлъизабеги цоцаздехунги цогидал киналго гІадамаздехунги нужер рокьи. 13БетІергьанас нужер рекІее къвакІи кьеги, киналго вализабигун цадахъ ТІадегІанав ГІиса кІиабизеги вачІараб мехалда, нилъер Эмен – Аллагьасда цере рацІцІадаллъун ва муъминаллъун рукІине.

 

4 бетІер

 

Павелил насихІатал

 

1Ахиралдаги, вацал, нижедасан ругьунлъараб къагІидаялъ, гьанжелъизегІан хьвадаралго гІадин, гьанжеялдаса хадурги нуж Аллагь разилъиледухъ дагьалги лъикІ хьвадейилан ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун гьарулеб буго нижеца нужеда. 2Нужеда лъала ТІадегІанав ГІисал амруялдалъун нижеца нужеда малъарабщинаб: 3Аллагьасе бокьун буго нуж рацІцІадго хьвадизе, 4нужер щивав чияс чІужуялдехун ракІбацІцІалъиги намусги цІунизе, 5Аллагь лъалареб халкъалъ гІадин, гьаваялда нахърилълъун, хъахІбалъи гьабунгутІизе. 6Гьеб ишалъулъ диналъул вац гуккизе ва гьесие квешлъи гьабизе бегьуларо. Гьеб киналъухъго Аллагьас тамихІ-жаза гьабула. Гьелъул хІакъалъулъ нижеца нужеда гьенибги бицун букІана ва гьеб тІубачІого бегьуларилан лъазабунги букІана. 7Аллагьас нилъ тІаса рищана, хъублъиги рехун тун, рацІцІадго хьвадизе. 8Гьедин хьвадиларилан чІарав чияс инсанасдасан бачІаралде гуро мугъ рехулеб бугеб, нужеде Илагьияб рухІ рещтІинабурав Аллагьасдасан бачІаралдейин.
9Нужерго диналъул вацал рокьейилан дица нужехъе хъвазе ккеларо, Аллагьас малъун нужеда лъалеб бугелъул нужго цоцазе рокьизе. 10ТІолабго Македониялда ругел вацал рокьулелъулха нужее. Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, дагьалги цІикІкІун цоцазе рокьейилан.
11Цебеги нижеца нужеда лъазабун букІараб къагІидаялъ, нужерго ишги гьабун, гІодоре риччан ва нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун рукІине хІаракат бахъе. 12Гьебмехалъ цогидал гІадамазда гьоркьобги къадру-къимат борхила нужер ва лъидениги кколареб магІишатги букІина.

 

ГІиса МасихІ кІиабизе вачІараб мехалъ хваразе щиб лъугьине бугеб?

 

13Хваразул хІакъалъулъги нужеда бичІчІизабичІого гІеларо, хваралъуса рахъиналде хьулго гьечІел цогидал гІадамалго гІадин, нужги пашманлъунгутІизе. 14ГІиса хвеялда ва хваралъуса вахъиналда нилъ божулел гІадин, нилъ божула иманалда хварал гІадамал Аллагьас гьесда цадахъ жиндихъего рачине рукІиналдаги. 15Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ. 16Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. 17Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина. 18Гьеле гьел рагІабаздалъун цоцазул ракІбатизабе нужеца.

 

5 бетІер

 

РорчІуда чІа

 

1Гьеб лъугьине бугеб заманаялъулги болжалалъулги хІакъалъулъ нужехъе хъвазе ккеларо, вацал. 2Нужедаго мухІканго лъалелъул ТІадегІанасул къо тохлъукьего – сардилъ цІогьор гІадин бачІунеблъи. 3Ракълида ругин ва сундулго хІинкъиги гьечІин гІадамаз абулеб мехалъ, чІужугІаданалда тохлъукье хІара чІвалеб гІадин, ракІалдаго гьечІого хвела гьел, ва щивниги хвасарлъиларо.
4Нужни, вацал, бецІлъуда гьечІелъул, цІогьор гІадин бачІинаро нужехъе гьеб къо. 5Нуралъ къалъ-къалъизарунги руго нуж киналго, къоялъ гвангъизарунги руго.
Нилъее я сордо гьечІо, я бецІлъи гьечІо. 6Гьединлъидал, цогидал гІадамал гІадин, кьижиларо, рорчІуда рукІина, ригьун рукІина нилъ. 7Кьижулев чи сардилъин кьижулев, мехтулев чиги сардилъин мехтулев. 8Амма къоялъ гвангъизарун ругелъул, иманалъулги рокьулги къолденги ретІун, хвасарлъизе рукІиналде хьулалъул такъияги лъун, ригьун рукІине риччанте нилъ! 9Жиндирго ццин нилъеде рещтІине гурелъул Аллагьас нилъ тІаса рищун ругел, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ хвасар гьаризелъидал. 10Гьев нилъее гІоло хвана, жив вачІараб мехалъ хун ратаралги чІаго ратаралги, жиндаго релълъун чІаго рукІине. 11Гьединлъидал цоцазул ракІбатизабе ва цоцазе квербакъе. Нужеца гьедин гьабулебги буго.

 

Ахирисел насихІатал

 

12Нужер агьлуялъе имамлъи гьабун ва ТІадегІанасул рагІул вагІза-насихІат гьабун захІмат баччулеб бугезул адаб тогейилан гьарула, вацал, нужеда. 13Гьез бахъулеб бугеб хІаракаталъухъ цІикІкІун рокьизе ккола нужее гьел ва гьезул хІурмат-хъатирги гьабизе ккола. Нужедаго гьоркьор лъикІ рукІа! 14Нижеца нужеда гьарулеб буго, вацал: кІвахІалазда рагІи абе, хІинкъаразул ракІбатизабе, загІипазда квер чІвай, киназдехунго сабруялда рукІа. 15Вореха, нужер цонигияс квешлъи квешлъиялдалъун бецІизе гурин. Нужеца кидаго хІаракат бахъе цоцазеги цогидал гІадамазеги лъикІлъи гьабизе. 16Кидаго рази-ракиго рукІа. 17Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа. 18Сундулъго Аллагьасе рецц гьабе. Аллагьасе бокьун буго, гьел амруялги тІуразарун, МасихІ ГІисаде цолъараб гІумру нужеца гьабизе.
19Илагьияб РухІалъул цІа свине биччаге. 20Аллагьасул илгьамги нахъчІваге. 21Киналъулго хІалбихье, лъикІабги ккун чІа. 22Кинабгоги квешлъиялдаса цІуне нужго.

 

Кагътил ахир

 

23Нилъ ракълиде рачарав Аллагьас тІубанго рацІцІад гьареги нуж, нужер тІолабго чІаголъи: рухІги, напсги, черхги – нилъер ТІадегІанав ГІиса вачІиналде бацІцІадго букІине. 24Нуж тІаса рищарав Аллагьас гьедин гьабизеги гьабила, гьев рагІи холарев вугелъул.
25Нижги дугІадулъ рехсе, вацал. 26Киналго вацазда, ракІ-ракІалъго баун, салам гьабе. 27Аллагьасул амруялдалъун дица нужеда лъазабулеб буго гьаб кагъат киналго вацазе цІалейилан. 28Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужеда!

 

Фессалоникиязухъе кІиабилеб кагъат

Фессалоникиязухъе Павелил кІиабилеб кагъат

 

Фессалоникиязухъе битІараб гьаб кІиабилеб кагътида Павелица гІатІидго баян гьарулел руго Къиямасеб Къо чІелалде ккезе ругел ишал, такрар гьабулеб буго хІалалаб мухь щолеб хІалтІуде машгъуллъейилан ва сабру цІикІкІинабейилан.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Нилъер Эмен – Аллагьасде ва ТІадегІанав ГІиса МасихІиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде салам буго Павелил, Силал ва Тимофейил рахъалдасан. 2Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил салам ва баркат лъеги нужеда.

 

Нужги дугІадулъ рехсон, Аллагьасе рецц гьабула

 

3Нужер иман щулалъулеб бугелъул ва нужер киназулго цоцазде рокьиги цІикІкІунеб бугелъул, нужги дугІадулъ рехсон, нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула. Гьеблъидалха Аллагьасе рецц гьабизе мустахІикъаб иш. 4ЧІухІун бицуна нижеца иман лъуразул жамагІатазда нужер хІакъалъулъ. Нужее бугеб кинабго гІазаб-гІакъубаги захІмалъи-къварилъиги сабру-иманалда хІехьолеб бугилан реццула.

 

Аллагьасул суд ритІухъаб буго

 

5Гьеб киналъго бицуна Аллагьасул суд ритІухъаб букІинилан. Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине мустахІикълъила нуж, гьеб сабаблъун нужее гІазаб-гІакъуба бугелъул. 6Нужее гІазабги гІакъубаги кьолеб бугезе гІазабги гІакъубаги кьун, Аллагьас рекъезабила гьеб. 7-8Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ. 9Гьезие тамихІги буго абадияб гІумруялдаса махІрумлъизари. Гьезда ТІадегІанав вихьизе виччаларо, гьесул машгьурлъиги къудратги гьезда бихьиларо. 10Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав вачІараб къоялъ, жиндир рахъ ккураз гьев машгьурлъизеги гьавураб ва киналго иман лъураз гьесие реццги гьабураб мехалъ. Нижеца бицаралда божидал, нужни гьезда гьоркьор рукІина.

 

Павелил гьари-дугІа

 

11Гьединлъидалин нижеца кидаго гьари-дугІа гьабулеб, нилъер Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, гьелъие мустахІикъаллъун гьарейилан, жиндирго хІалкІолъиялдалъун гьес нужер лъикІалщинал къасдал тІуразарегийилан, нужерго ишаздалъун иман камиллъизабегийилан. 12Гьедин, нилъер Аллагьасулги ТІадегІанав МасихІилги баркат щун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралъул хІурмат нужедалъун цІикІкІина ва гьесдалъун нужер хІурматги цІикІкІина.

 

2 бетІер

 

«ВачІина кІудияб квешлъи гьабизе бугев чи»

 

1ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІине вукІиналъул ва нилъ гьесда аскІоре данделъизе рукІиналъул рахъ босани, дица нужеда гьарулеб буго, вацал, 2лъилниги кашпу-караматалдалъун, яги вагІза-насихІаталдалъун, яги нижеца битІарабилан абулеб кагътидалъун гьениб нужехъе хабар щвани ТІадегІанасул къо тІаде гІунтІун бугилан, нуж рихха-хочуге ва гьедигІан бигьаго къосинеги къосунге. 3Лъицаниги кингоги гуккизе чІоге нуж.
Гьеб къо тІаде щвелалде гІадамал Аллагьасда данде питнаялъе рахъина. Ракьалде вачІина кІудияб квешлъи гьабизе бугев ва хвалде иналъе хІалтІизе вугев чи. 4Гьев чи дандечІезе вуго гІадамаз Аллагьлъун рикІкІунесдеги, гьез тІагІат-гІибадат гьабулебщиналдеги. Жив гьездасаги тІадегІанав вугилан чІела. ХІатта Аллагьасул Мукъадасаб рокъов гІодов чІун, жив Аллагь вугиланги лъазабила гьес.
5Дун гьенив вугеб мехалъ гьеб киналъулго хІакъалъулъ бицун букІанагури дица, нужеда ракІалда гьечІищ гьеб? 6Гьанже нужеда лъала, гьев вачІине мех щвезегІан, сунца ккун чІезавун вугевали. 7Бахча-хьван жиндирго иш гьанжего гьабулеб буго гьеб квешлъиялъ. Амма гьеб ккун чІезабун бугев нухдаса нахъе вачинегІан, квешлъи загьирлъиларо. 8Гьеле гьебмехалъ загьирлъила дов кІудияб квешлъи гьабизе бугев чи. ТІадегІанав ГІисаца тІаде пун иш лъугІизабила гьесул, ГІиса вачІиналъул кІодолъиялъ хвезавила гьев. 9ВачІун гьев чияс, илбисалъул къуваталдалъун, батІи-батІиял гьересиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарила. 10БатІи-батІияб хІилла-рекІкІалдалъун гуккила жидедаго тІаде тамихІ цІалеб бугел гІадамал. Гьедин ккела жиндалъун хвасарлъизе рукІараб хІакъабщинаб гьезие бокьуларелъул ва гьез гьебги нахъчІвалелъул. 11Гьеб сабаблъунин Аллагьас гьезухъе битІулеб гьел къосинарулеб къуват ва гьересиялда гьел божизарулел. 12Гьедин хІакъабщиналдаги божичІого, квешабщиналдаса лазат-кеп босаразе тамихІ гьабила!

 

Павелил насихІатал

 

13ТІадегІанасе рокьулел нуж сабаблъун ккун нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, вацал, тІоцере хвасарлъулеллъун Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул. Нуж хвасарлъила – Илагьияб РухІалъ нуж рацІцІалъизаридал ва хІакъабщиналда божидал. 14Аллагьас нуж тІаса рищана, нижеца бицараб Рохалил хабаралъухъ гІенеккидал. ТІадегІанав ГІиса МасихІил машгьурлъи нужехъеги щвезейин нуж тІаса рищарал. 15Гьединлъидал, вацал, нуж къвакІун чІа ва вагІза-насихІатаздаги кагътидаги нижеца малъараб хІакъабщинаб кьуричІого ккве.
16ТІадегІанав ГІиса МасихІица ва жиндие нилъги рокьарав, къин гьечІеб къвакІиги щулияб хьулги нилъее жиндирго баркатгун кьурав нилъер Эмен – Аллагьасги 17нужер ракІал къвакІизареги ва лъикІал ишазулъги рагІабазулъги нужее квербакъаги.

 

3 бетІер

 

1Ахиралдаги, вацал, нужеца Аллагьасда гьаре ТІадегІанасул хІакъалъулъ хабар хехго тІибитІизабизеги, нужер гьенибго гІадин, машгьурлъуледухъ гьеб хабар гІадамаз къабул гьабизеги нижее квербакъеян. 2Киналго гурелъул божулел ругел, – пасатал ва квешал гІадамаздаса ниж цІунейиланги гьаре.
3Кьураб рагІи кколев Аллагьас нужер ракІал къвакІизарила ва квешлъиялдаса цІунила. 4ТІадегІанас нижерги ракІчІезабулеб буго нижеца малъарабщинаб нужеца гьабулеб букІиналдаги хадубккун гьабизе букІиналдаги. 5Аллагьас нужер рекІелъе лъугьинабеги жиндирго гІадинаб рокьиги ва МасихІил гІадинаб сабруги.
6ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун нижеца нужеда лъазабулеб буго, вацал, кІвахІалалщинал ва нижеца гьениб малъарабщинабги босичІел нужер агьлуялъул чагІаздаса рикІкІад чІайилан. 7Нужедаго лъалелъул нижедаса мисал босун хьвадизе кколеблъи. Ниж гьенир ругеб мехалъ нижер кІвахІаллъи бихьичІогури нужеда. 8Чияр хинкІ-чедалде ккун рукІинчІо ниж гьенир, къаси-къад чІечІого хІалтІана нужер лъиданиги раччун рукІинарилан. 9Нужеца хьихьейилан абизе ихтияр букІаниги, ниж гьедин хьвадана, нижедасан мисал босизе букІине. 10Ниж гьенир ругеб мехалъ нижеца абулаангури нужеда: хІалтІизе бокьуларев чи кваначІого чІайилан. 11Нижеда рагІидалха гьенир ругин кІвахІалал ва кколарелъуре раккун квалквал гьабулел цо-цо гІадамал. 12ТІадегІанав ГІиса МасихІил вакиллъиялдалъун гьединал чагІазда гІайибги чІван, нижеца лъазабулеб буго: нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун, гІодоре риччан чІайилан.
13Цинги, вацал, лъикІлъи гьабун свакаге нуж. 14Гьаб кагътида нижеца хъваралъухъ гІенеккуларев чиясдеги кІвар кьечІого тоге. Живго намуслъизе, гьесулгун гьоркьоблъи гьабуге. 15Амма тушманлъи лъазабичІого, вацасе гІадин, бадибчІвай гьабе гьесие.

 

Кагътил ахир

 

16Нилъ ракълиде рачарав ТІадегІанас ракълида таги нуж кидаго ва сундулъго.
Биччанте ТІадегІанав нужеда киназдаго цадахъ вукІине.
17Дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил рахъалдасан салам буго нужеде. Гьадин чанго рагІи хъвала дица щибаб кагътида, гьанибги хъвалеб буго.
18Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужеда киназдаго!

 

Тимофейихъе тІоцебесеб кагъат

Тимофейихъе Павелил тІоцебесеб кагъат

 

Тимофейихъе Павел чапарас битІараб тІоцебесеб кагъат буго гьаб. Тимофей гьавуна ГьитІинаб Азиялъул Листра шагьаралда. Гьев вукІана Павел чапарасул сапаразда гьесда аскІоса кьуричІев кумекчи. Павелица гьесда малъулеб буго иман лъуразул жамагІаталъе нухмалъи кин гьабилебали. Хъвалеб буго цо хасаб балъгояб гІелмуялъул кумекалдалъун гурони хвасарлъизе рес гьечІин, кванил цо-цо нигІматаздаса инкар гьабизе кколин ва ригьин гьабизе бегьуларин малъулел гьересинасихІатчагІаздаса нужго цІунейилан.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Гьаб буго МасихІ ГІисал чапар Павелил кагъат. Нилъ хвасар гьарурав Аллагьасе ва нилъер хьул лъолев МасихІ ГІисае бокьана дун чапарлъун вукІине. Кагъат хъвалеб буго 2божи-иманалдалъун унго-унголъунги дие васлъун лъугьарав Тимофейиде.
Эмен – Аллагьасдасан ва нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадасан рекъел, баркат ва гурхІел насиблъаги дуе!

 

ГьересинасихІатчагІаздаса цІунизе ккела

 

3Дун Македониялде унаго дица дуда гьарана Эфесалда чІайилан ва гІадамал къосинарулел насихІатал тІокІалъ гьаругейин абун цо-цо чагІазда лъазабейилан, 4рукІунарел-лъугьунарел жал рицунгейилан, анкьумумузул цІарал рехсон заман инабугейилан. Гьеб сабаблъун гІемер дагІбаги ккола. Аллагьас нилъее бихьизабураб ва иманги лъун нилъеца гьабулеб бугеб ишалъе щибго пайда гьечІо гьелъул. 5Нилъеца гьедин малъулеб буго, ракІ-ракІалъулаб рокьиги, бацІцІадаб намусги, унго-унгояб божи-иманги цІикІкІине бокьун. 6Цо-цо чагІазулъ гьеб хутІун гьечІо. Гьел машгъуллъун руго гІадада ва гІемер гаргадиялде. 7Гьезие бокьун буго Мусал Къануналъул мугІалимзабилъун рукІине, амма лъаларо жидеца бицунелъул хІакъикъат ва жидедагоги бичІчІуларо гьедин ракІчІун гІадамазда лъазабулеб бугеб жоялъул магІна.
8Нилъеда лъала Къанун лъикІаб жо букІин, битІун пайда босулеб бугони. 9Лъала къанунал ритІухъго хьвадулезе гІоло рахъулареблъиги. Гьел рахъун руго квешал ва мутІигІлъуларел, пасатал ва мунагьазукьа хІинкъуларел, Аллагь какулел ва Аллагьасдаса ратІалъарал, эбел-эмен чІвалел гІадамазе; чІвадарухъабазе, 10хъахІбаял гІадамазе цоцаздасан босадул лазат босулел бихьиназе, гІадамал рикъулезе, жидерго гьаги хвезабун, гьересиго нугІлъи гьабулезе ва битІараб нухдаса гьетІаралщиназе. 11БитІараб нух ккола гьардарав Аллагьасул къудраталъул хІакъалъулъ диде божилъи гьабураб Рохалил хабаралъул нух.

 

Аллагьас Павелида цІоб лъуна

 

12Дие къуват кьурав нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисае рецц! Гьес дун божизе бегьулевлъун рикІкІана ва жиндие хъулухъ гьабизе тІадкъана дида – 13цебе кидаялиго жив какарасда, жив хІакъир гьавун, хадув лъугьарасда ва жив къварид гьавурасда. Доб кинабго дица дирго лъавукълъиялдалъун ва божунгутІиялдалъун гьабулеб букІиндал, гурхІана дида Аллагь. 14Нилъер ТІадегІанасул баркат гьарзалъана дие. МасихІ ГІисаде цолъидал божи-иманги рокьиги цІикІкІана дир рекІелъ.
15Гьале нилъеца тІубанго къабул гьаризе кколел хІакъал рагІаби: МасихІ ГІиса дуниялалде вачІана мунагь-хІакъалъул агьлу хвасар гьабизе ва гьале дунги вуго гьезда гьоркьоса бищунго кІудияв мунагьчи. 16Аллагьасе бокьана дида – бищунго цІикІкІун мунагьал гьарурав чиясда – МасихІ ГІисаца цІоб лъезе. Бокьана гьесде иман лъун, цІияб гІумру насиблъаразе дун мисаллъун лъугьине. Гьединлъидалин Аллагь дида гурхІарав. 17Даимаб реццги цІарги абадияв парччахІасе – холарев-унарев, вихьуларев ва цохІо вугев Аллагьасе! Амин.
18Тимофей, дир вас, цо кидаялиго дур хІакъалъулъ Аллагьасдасан рещтІарал рагІабиги ракІалде щун, гьадинаб тІадкъай кьолеб буго дица дуе! Гьел рагІабиги гІадахъ росун вагъе, мун гІадинав чи вагъизе кколеб куцалъ, 19божи-иманалъул ва намус бацІцІалъиялъул ярагъги борчун. Цо-цо гІадамаз гІодобе рехун буго гьеб ярагъ, ва гьезул божи-иманалъул гамаги ралъдалъ гъанкъана. 20Гьединазда гьоркьор руго Гьименейги Александрги, дица гьел рехана илбисалъул ханлъиялде, Аллагь какулеб гІамал тезабизелъун.

 

2 бетІер

 

ДугІа кин гьабилебали насихІат

 

1Гьеле гьедин, сундасаго цебе, дица гьарулеб буго: нужеца дугІадулъ киналго рехсе, Аллагьасда гьаре гьезда тІасалъугьайилан, гьезде баркат рещтІинабейилан. ДугІадулъ Аллагьасе реццги гьабе. 2ДугІадулъ рехсе парччахІзабиги киналго хІакимзабиги. Гьедин гьабуни, нилъер гІумру букІина гІодобе биччараб ва ракълилаб, муъминлъиги цІикІкІараб, къадру-къимат борхараб. 3Гьеб буго нилъ хвасар гьарулев Аллагьасда цебе лъикІаб ва гьев разилъулеб иш, 4гьесие бокьун бугелъулха киналго гІадамал хвасарлъизе ва хІакъабщинаб лъаялде рачІине. 5-6Аллагь цо вуго, Аллагьасул ва инсанияталъул гьоркьохъанги цо Инсан вуго. Гьев ккола киназулго рецІалие живго кьурав МасихІ ГІиса. Гьебги ккола Аллагьас хъвараб заманалда загьирлъараб гІаламат! 7Гьединлъидал Аллагьас дун витІана божи-иманалъул ва хІакъабщиналъул хІакъалъулъ цогидал халкъазда бицине илчилъун, чапарлъун ва насихІатчилъун. Дица гьереси бицунеб гьечІо, дица битІараб бицунеб буго!
8Дие бокьун буго бихьиназ кидаго ва кибго гьари-дугІаялъе кверал цере кквезе рацІцІадал къасдалгун, рекІелъ ццин гьечІого ва дагІба-къец гьечІого. 9Риччанте руччаби гІадатго ретІа-къан рукІине, риччанте гьел берцинлъизе бацІцІадаб намусалъги лъикІаб гІамалалъги. БотІрол рас къачІаялъ, меседалъ ва жавгьар-якъуталъ, чІухІараб ратІлица гуро гьел берцинлъизе кколел, 10гьел берцинлъизе ккола Аллагьасе гІибадат гьабулел руччабазда рекъолебщиналдалъун, ай лъикІал ишаздалъун.
11Йиччанте чІужугІадан, юцІцІун чІун, тІубараб мутІигІлъигун, вагІза-насихІаталъухъ гІенеккизе. 12Дица чІужугІаданалъе изну кьоларо насихІат гьабизе. Гьедин бихьиназда тІад кверщел гьабизе бегьуларо гьелъ. ЙицІцІун чІайилан абе! 13ТІоцеве Адам вижидалха, ХІава цинги йижана. 14Адам гуро къосинавурав, чІужугІадан къосинаюна. Гьелъ Аллагьасул амру тІубазабичІо. 15Амма гьейги хвасарлъизе йиго лъимал гьаридал, гьайгьай, гьелъ гІумру божи-имангун ва рокьигун, бацІцІадго ва цІодорго тІамулеб бугони.

 

3 бетІер

 

Иман лъуразул агьлуялъул бутІрулги кумекчагІиги

 

1Гьале кьучІаб калам: бетІерлъи гьабизе ният-къасд ккей цІакъ лъикІаб иш буго. 2Иман лъуразе бетІерлъи гьабизе ккола багьана-гІайиб чІвазе бакІ гьечІого гІумру гьабулев, цо нухалъ гурони чІужу ячинчІев, сабруяв, цІодорав, гІадлу-тадбир бугев, гьалбал хирияв, насихІат гьабизе бажарулев чияс. 3Гьев вукІине бегьуларо гьекъолдухъан, вагъизе бокьулев чи. ВукІине ккола хІеренав, питна гьабуларев, гІарцуда хадув лъугьунарев чи. 4ВукІине ккола рукъалъул агьлуялъе гІадлу гьабизе кІолев, гІинтІамулел ва сундулъго хІурмат-къадру бугел лъималазул эмен. 5Жиндирго рукъалъул гІадамазе гІадлу гьабизе кІоларев чиясда Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъул тІалаб гьабизе кІвеладай? 6Гьев вукІине бегьуларо цІидасан иман лъуразда гьоркьоса чи, – гьев цІакъго чІухІила, ва илбисалъе гІадинаб гІазабги хІакълъила гьесие. 7Нилъер агьлуялда гъорлъ гьечІезда гьоркьобги лъикІаб цІар-рецц букІине ккола гьесие гьабулеб, гьечІони – гІадамаз кІалухъ вахъила ва илбисалъул къорикье ккела.
8Гьесул кумекчагІиги рукІине ккола къадру-къимат бугел, кьураб рагІуе хисуларел, чагъир гІемер гьекъоларел, хІарамаб бечелъиялда хадур лъугьунарел, 9цебе балъгояблъун букІун, гьанже нилъее загьирлъараб божи-иманалдаса кьуруларел ва намус бацІцІадал гІадамал. 10Гьезулги цебеккунго хІалбихьизе ккола, ва гьезул щибниги квешлъи бихьичІони, хъулухъ гьабизе тезе бегьула.
11Гьезул лъудбиги рукІине ккола адаб-хІурматалъе мустахІикъал, мацІ гьабуларел, гьекъолдуларел, сундулъго божилъи гьабизе бегьулел. 12Гьел кумекчагІиги рукІине ккола цо нухалъ гурони чІужу ячинчІел ва лъималазеги рукъалъул гІадамазеги гІадлу кьезе лъалел. 13Жидеца хъулухъ лъикІ гьабулеб бугилан гІадамазда гьоркьоб къимат борхараз хІинкъичІого бицине бегьула МасихІ ГІисаде бугеб божи-иманалъул хІакъалъулъ.
14КватІичІого духъе вачІине рес ккелилан дир хьул бугониги, хъвалел руго дица гьал насихІатал, 15нагагь дун вачІине кватІани, нужеда лъан букІине Аллагьас тІаса бищараб агьлуялда, ай абадияв-даимав Аллагьасде иман лъуразул агьлуялда гьоркьор кин хьвада-чІвадилелали. Гьеб ккола хІакъабщиналъул хІубиги сангарги. 16Лъилниги щаклъи ккезе бегьуларо нилъер божи-иманалъулъ кІудияб балъголъи букІиналда.
Дов вуго инсанасул чорхолъ Аллагьас жив загьир гьавурав,
Илагьияб РухІалъги жив ритІухъ гьавурав,
Малаикзабаздаги жив вихьарав,
Халкъаздаги жиндир хІакъалъулъ лъазабурав,
Дуниялалдаги жинда божарав,
Живги Аллагьасул къудраталдалъун зобалазде восун арав.

 

4 бетІер

 

Тимофейие гьарурал насихІатал

 

1Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда. 2Гьел къосинарила намусги яхІги хІатІикь мерхьарал, ххвелал гьаризе гьунар бугел гьерсихъабаз. 3Гьез лъудби рачине гьукъула, цо-цо нигІматал кваназе изну кьоларо – хІакъабщиналда божулел ва гьеб лъалел гІадамаз баркала кьун кваназе Аллагьас гьел нигІматал рижун ругониги. 4Аллагьас бижанщинаб жо лъикІаб буго, баркала кьун кваналеб щибго жо нахъчІвазе бегьуларо. 5Гьеб хІалаллъизабула Аллагьасул каламалъги нилъер дугІаялъги.
6Диналъул вацазда гьедин малъани, мун вукІина МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулев лъикІав чилъун. Божи-иманалъул рагІабазулги мун нахъвилълъарал лъикІал насихІатазулги дуе пайда бахун букІин бихьила. 7Мун рикІкІад чІа Аллагь рикІкІунарезул гьересиял ва херал руччабазул гІадинал харбаздаса. Мунго ругьун гьаве хІакъаб муъминлъиялъе. 8Черх къвакІизабиялъул пайда цо-цо мехалъ гурони букІунаро, муъминлъиялъул пайдайин абуни кидаго букІуна. Гьелъул пайда букІина дуниялалдаги ахираталдаги. 9Гьел руго нилъеца къабул гьаризе кколел хІакъал рагІаби. 10Гьелъие гІололъидал нилъ гъеж гурун хІалтІулел ругел, къеркьолел ругел, абадияв-даимав Аллагьасде хьулги лъун. Гьес хвасар гьаруна киналго гІадамал, хасго иман лъуралал. 11Гьаб кинабго ракІалда чІезабун амру гьабе ва малъе гьезда.
12ГІолохъанчи вугилан мунго гьез рикІкІинчІого тезе чІоге. Иман лъуразе мун мисаллъун вукІа бицунеб рагІулъги, гІамал-хасияталъулъги, рокьиялъулъги, божи-иманалъулъги, вацІцІалъиялъул рахъалъги. 13Дун гьениве вачІинегІан ТІухьдул цІалиялде, вагІзабазде ва насихІатазде машгъуллъе. 14Аллагьасдасан рещтІаралда рекъон, иман лъуразул агьлуялъул бутІруз, дугІаги гьабун, тІад кверги лъун тІамураб мехалъ, Аллагьасул амруялдалъун дуе насиблъараб гьунаралдаса пайда босичІого чІоге. 15Гьеб кинабго тІадчІун ва ракІ-ракІалъго гьабе. Цинги киназдаго бихьила дур иш цебетІолеб букІин. 16Дуца халккве дудаго хадубги дуца малъулелда хадубги. Гьеб ишалдаса кьурун гали тІамуге, гьелдалъун дуца мунгоги духъ гІенеккаралги хвасар гьарила.

 

5 бетІер

 

Къоролруччабазул хІакъалъулъ насихІатал

 

1ГІумруялъ дудаса цІикІкІарав чиясе хъачІго бадибчІвай гьабуге, инсудехун гІадин кІалъан малъе гьесда. Дудаса гІолохъанал гІадамаздаги вацазда гІадин кІалъай. 2ЦІикІкІарал руччабаздехун кІалъай эбелалдехун гІадин, гІолохъаназдехун кІалъай яцазда гІадин, намусги вацІцІалъиги цІунун.
3ХІакъикъаталдаги кумекалде хІажатал къоролруччабазул тІалаб-агъаз гьабе. 4Къоролалъул лъимал яги лъималазул лъимал ругони, риччанте гьел ругьунлъизе божи-иман лъидасаго цебе жидерго рукъалъул агьлуялда бихьизабизе, эбел-инсул ва кІудабазул тІалаб-агъаз гьабизе. Гьеб буго Аллагь разилъулеб гІамал. 5Кумекалде хІажалъарай ва тІалаб гьабизе чи гьечІого хутІарай къоролалъ, цохІо Аллагьасде хьул лъун, къасиги къадги дугІа гьабун, гьесдасан кумек гьарула. 6Амма жиндиего лазаталъе гІоло гІумру гьабулей йигей къоролай ккола чІаго йикІаго хварай гІадан.
7Гьаб кинабго тІубазабизе тІаме дуца гьел, гьезул гІумруялда гІайиб чІвангутІизе. 8ГІагарлъиялъул, хасго рукъалъул агьлуялъул тІалаб-агъаз гьабуларев чи божи-иманалдаса ватІалъула ва иман лъечІездасаги квешлъула.
9СияхІалде росе лъабкъого сонги барал, цо нухалъ гурони росасеги инчІел, къоролзаби. 10Гьел рукІине ккола лъикІал ишаздалъун машгьурлъарал, лъималазе тарбия кьурал, гьалбал рокьулел, диналъул вацазул хІатІал хІурудаса чурулел, къварилъи ккарасе кумекалъе ратарал ва лъикІалщинал ишал жидеца гьарулел рукІарал руччаби.
11ГІолохъанал къоролруччаби сияхІалде росуге. Жидерго гьава бергьун МасихІидаса рикІкІалъараб мехалъ, росабазе ине бокьула гьезие, 12ва гьезда тІаде ккола росасе инарилан букІараб къотІи хвеялъул гІайиб. 13Гьединго гьел ругьунлъула хІалтІичІого чІезе ва цо авалалдаса цогидалде хьвадизе. КІвахІаллъарал гІечІого, гІадамазда нахъасан гаргадизе ругьунлъула, чияр ишазде гьоркьоре лъугьуна, бицине рекъечІебги бицуна. 14Гьединлъидал дица гІолохъанал къоролруччабазе гІакълу кьолеб буго росабазе айилан, лъимал гьарейилан, рукъалъул магІишаталде руссайилан ва тушманзабаз квешаб цІар чІвазе рукІунгейилан. 15Илбисалда нахърилълъун къосарал цо-цо къоролруччабиги ругелъулха.
16Диналъул яцалъул ругони къороллъун хутІарал гІагарал руччаби, биччанте гьезул тІалаб-агъаз гьелъ гьабизе. Иман лъуразул агьлуялъе бигьалъила жалго цохІо хутІарал къоролруччабазе кумек гьабизе.

 

Иман лъуразул агьлуялъул бутІрузул хІакъалъулъ насихІатал

 

17Иман лъуразул агьлуялъул ишал тІуразарулезе, хасго вагІза-насихІаталъе хІалтІулезе, кІиго бутІаялъ цІикІкІун кьезе ккела мухь. 18ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге» ва «ХІалтІухъан мухь кьезе мустахІикъав вуго», – ян. 19Иман лъуразул агьлуялъул бутІрузда тІасан бачІараб гІарза гІадахъ босуге, гьеб битІараб букІин кІиго яги лъабго нугІас чІезабичІони. 20Мунагь гьабулел гІадамалин абуни, тІолабго агьлуялда цере къватІир чІвазаре, гьелъухъ балагьун цогидалги хІинкъизе.
21Аллагьасда, МасихІ ГІисада ва тІаса рищарал малаикзабазда цебе дица дуда лъазабулеб буго гьал насихІатазда рекъон хьвадейилан, щивниги ватІа гьавугейилан, лъиениги тІокІлъи гьабугейилан. 22Щивниги хъулухъалъе вачине тІад квер лъезе гІедегІуге. Цогидал гІадамаз мунагьалъукье кколеб иш гьабулеб бугони, мун гьелда гьоркьов гІахьаллъуге. Мунго вацІцІадго цІуне.
23Жибго лъим тІокІаб гьекъоге дуца, дагьа-дагьаб чагъир жубай, дур чехь унтараб бугелъул ва гІемерисеб мехалъ мун лъикІ гьечІого вукІунелъул.
24Цо-цо чиясул мунагьал гьанжего рихьулел руго ва Аллагьасул судалде гьесда цере-цере унел руго. Цогидаз жидерго мунагьал хадур рехъерхъулел руго. 25Гьединго лъикІал ишалги: цоял гьанжего рихьулел руго, цогидал рихьулел гьечІо, амма кингоги гьел лъачІого хутІуларо.

 

6 бетІер

 

Лагъзадерил хІакъалъулъ насихІатал

 

1Лагълъиялъул кьили гьодида бугез кІвараб хІалалъ хІурмат гьабизе ккола жидерго бетІергьабазул, – Аллагьги нилъер божи-иманги гІадамаз какунгутІизе. 2Лагъзадерил бетІергьабаз иман лъун бугониги, жал диналъул вацал ругилан лагъзадерица адаб рехизе бегьуларо. Дагьабги жигар бахъун хъулухъ гьабизе биччанте, гьез хъулухъ гьабулеб бугелъул иман лъурал ва Аллагьасе рокьулел гІадамазе.

 

ГІарцуде рокьи

 

Гьаб кинабго малъизе ва гьезул рекІелъе лъугьинабизе ккола дуца! 3Цо лъицаниги гьересинасихІат гьабулеб бугони, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъал рагІабаздаса, унго-унголъун Аллагьасе гІибадат гьабиялдаса щивниги кьурулев вугони, 4гьев ккола чІухІи-пахрулъиялъул цІурав ва щибго бичІчІуларев чи. ЖахІдаги, кьалги, хьандейги, квешал щакдарабиги рижулеб дагІба-рагІиялде ва рагІабазул магІна сабаблъун къацандиялде бугеб хІасраталъ унти ккезабун букІуна гьединав чиясда. 5Гьелдалъун бижула гІаданиб нах гьечІел ва хІакъабщинаб жидехъа биларал гІадамазул нахъаса къотІи гьечІеб къец. Гьезда ккола божи-иман бугин жалго бечелъиялъе баккараб ицц.
6ХІакъикъаталда божи-иман кІудияб бечелъи буго гІицІго жидер бугеб жоялда ракІ разилъизе лъалел гІадамазе. 7Нилъеца дуниялалде щибго босун бачІунарелъулха ва гьаниса щибго цадахъ босизеги нилъеда кІоларелъул. 8Квине квенги ретІине ретІелги бугони, гьелда разилъун рукІина! 9Бечелъизе бокьарал гІадамал къосуна, гІемерал гІантал ва заралиял къасдазул къорикье ккола. Гьел къасдаз гІадамал рехула гьел гъурулел ва хвезарулел карачалабалъе. 10Киналго квешлъабазул аслу-кьучІ ккола гІарац бокьи. Руго гІадамал гІарцуда хадур лъугьунаго божи-иманалъул нухдаса тарарал ва гІакъуба-къварилъабазул чІораз рекІеда ругъун лъезе биччарал.
11Амма мун, Аллагьасул лагъ, гьелдаса лъуте! Дуца тІалаб гьабе ритІухълъи, унго-унгояб муъминлъи, божи-иман, рокьи, къуркьунгутІи, хІеренлъи. 12Божи-иманалъе гІоло къеркье! ГІемерал нугІзабазда цебе дуца лъикІаб къагІидаялъ дурго божи-иманалъул бициндал, Аллагьас дуе насиблъизабуна абадияб гІумру. Гьеб шапакъаталдаса махІрумлъизе чІоге! 13Щибаб жо бижарав Аллагьасе гІоло ва Понтий Пилатида цебе лъикІаб къагІидаялъ божи-иманалъул бицарав МасихІ ГІисаеги гІоло гьарулеб буго дуда, 14нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІинегІан ритІухъго ва гІайиб чІвазе бакІ гьечІеб хІалалъ тІуразарейин Аллагьасул амруял абун. 15ЦІараб болжалалда Аллагьас гьев загьир гьавила. ЦохІо вугев ХІакимас, парччахІзабазулги ПарччахІас, ханзабазулги Ханас – Гьардарав Аллагьас загьир гьавила. 16ЦохІо гьесие хвел гьечІо, гьев вуго лъиданиги гІагарлъизе кІолареб Нуралъулъ. Гьев лъиданиги вихьичІо ва вихьизе ресги гьечІо. Абадияб реццги цІарги гьесие. Амин.

 

Кагътил ахир

 

17Гьаб дуниялалда бечедго ругезда лъазабе гІамал кІодолъугеян ва хехго тІаса унеб бечелъиялде хьул лъогейилан. Нилъ разилъизелъун къваригІанщинаб гьарзаго кьолев Аллагьасде хьул лъейилан абе. 18ЛъикІлъи гьабизе тІаме гьел, риччанте лъикІал ишаздалъун бечелъизе. Риччанте квер биччарал рукІине, цогидазе кьезе кидаго хІадурал рукІине. 19Гьедин бакІарейин абе жиндалъун унго-унгояб гІумру насиблъулеб ва букІинеселъул щулияб кьучІлъун кколеб хазина.
20Дуде божилъи гьабун бугебщинаб цІуне, Тимофей, дуца. Аллагь рикІкІунарезул чІандахабаралдаса ва гІадамаз гьересиго «лъай» абун цІар лъуралда тІасан дагІбадиялдаса рикІкІалъе. 21Гьеб лъай жиделъ бугилан чІун, цо-цо гІадамал божи-иманалъул нухдаса тарана.
Аллагьасул баркат лъеги нужеда!

 

Тимофейихъе кІиабилеб кагъат

Тимофейихъе Павелил кІиабилеб кагъат

 

Тимофейихъе битІараб кІиабилеб кагътида Павелица гьесде ургъел бикьулеб буго гьанже жив гІемерисел муридаз рехун тун вугин, Рималда туснахъалъув вугин, кватІичІого жиндие судги гьабизе бугин. Кагътидасан бихьулеб буго жиндирго гІумру ахиралде щолеб букІиналда гьесул ракІчІун бугеблъи. Гьес хъвалеб буго жив хІинкъун вугин жинда нахърилълъарал гІемерисел муридал гьересинасихІатазда божилин ва щибго пайда гьечІеб дагІба-рагІиялде машгъуллъилин.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Аллагьасе бокьун МасихІ ГІисал чапарлъун лъугьарав Аллагьас гІаламалъе кьелин абун букІараб ва гьанже МасихІ ГІисадалъун загьирлъараб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ Хабар бицине витІарав Павелил рахъалдасан 2дие хирияв вас Тимофейиде.
Эмен – Аллагьасдасан ва нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадасан рекъел, баркат ва гурхІел насиблъаги дуе!

 

Павелица Аллагьасе рецц гьабулеб буго

 

3Къасиги къадги гьоркьоса къотІичІого дир щибаб гьари-дугІаялъулъ мун ракІалде щвараб мехалъ, дица рецц гьабула дир умумузго гІадин, ракІбацІцІадго жиндие хъулухъ гьабулев Аллагьасе. 4Дида ракІалда буго дур бадисан чвахараб магІу, ва дун урхъун вуго, мунги вихьун, ракІ-ракІалъго вохизе щвеялъухъ. 5Дида ракІалде щола дур унго-унгояб божи-иман. Гьеб цебего тІинкІана дур кІодо Лоидал ва дур эбел Эвникал рекІелъе. Дир ракІчІола дур рекІелъги гьеб букІиналда.
6Гьеле гьединлъидал дица дуда ракІалде щвезабулеб буго: дица тІад квер лъун Аллагьасдасан дулъе лъугьараб махщел-гьунаралъул цІа боркьизабе. 7Аллагьас нилъее хІинкъун чІеялъул гуреб, къуваталъул, рокьул ва цІодорлъиялъул рухІин кьун бугеб.

 

ТІадегІанасе нугІлъи

 

8Мун рекІекълъуге нилъер ТІадегІанасул хІакъалъулъ нугІлъи гьабулеб букІиналдасаги, гьесде иман лъей сабаблъун дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъуге. Аллагьас дуеги сабру кьун бугелъул, дуцаги хІехье Рохалил хабар сабаблъун дие бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба. 9ТІасаги рищун, гьес нилъ хвасар гьаруна ва рацІцІалъейилан лъазабуна, нилъер ишазухъ балагьун гуреб, гьесие бокьидал ва нилъеда гурхІидал. МасихІ ГІисадалъун гьеб баркат нилъее Аллагьас кьун букІана дуниял бижилелдего. 10Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна.
11Гьеб Рохалил хабар бицине чапарлъун, илчилъун ва мугІалимлъун витІана Аллагьас дун. 12Гьеб сабаблъунин дица гьадинаб гІазаб-гІакъуба хІехьолеб бугеб. Амма дун гьелдаса рекІекълъуларо. Дида лъала лъида дун божаравали ва дир ракІчІола диде божилъи гьабураб жо гьес Къиямасеб къо чІезегІан цІунизе букІиналда.
13Дица дуда малъарал хІакъал рагІаби кьуричІого ккве дуца. Риччанте гьел дуе мисаллъун рукІине. МасихІ ГІисагун цолъун, божиги рокьиги цІуне. 14Нилъелъ бугеб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун дуде божилъи гьабураб лъикІабщинабги цІуне.
15Дуда лъала Асия вилаяталда киназго, гьездаго цадахъ Фигелицаги Гьермогеницаги, диде мугъ рехараблъи. 16БетІергьанасул цІоб лъеги Онесифорил кинабго рукъалъул агьлуялда: чанги дир рекІее хІалхьи лъугьинабуна гьес ва дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъичІо. 17Рималде вачІараб мехалъ, дун валагьизе хІаракат бахъана ахирги дун ватизегІан. 18Къиямасеб къоялъ БетІергьан гурхІаги гьесда! Эфесалда гьес дие гьабунщинаб кумек лъидасаго лъикІ лъала дуда.

 

2 бетІер

 

МасихІ ГІисал ритІухъав рагъухъан

 

1Аллагьасул баркаталъул къуват-гуч гьарзаго щвезе ккола, дир вас, дуе. Гьеб нилъее щола МасихІ ГІисаде цолъиялдалъун. 2ЦІакъго гІемерал нугІзал ругеб бакІалда дидасан дуда рагІанщинаб жо дуца бице божизеги бегьулел, цогидазда малъизе махщелги бугел гІадамазда. 3МасихІ ГІисал ритІухъав рагъухъанас гІадин, гІазаб-гІакъуба хІехьезе хІадурго вукІа. 4Чабхъеналда гІахьаллъарав рагъухъан магІишатиял ишазде машгъуллъуларо, жив бодулъе ахІарав цевехъан разилъизавизе хІаракат бахъула гьес. 5Гугарухъанасеги бергьенлъиялъул гор щоларо, букІине кколеб къагІидаялъ гьев гугаричІони. 6Гьединго гІетІ тІун хІалтІарав хурухъанасеги тІоцебе щвезе ккола хуриса бачІаралъул бутІа. 7Дир рагІабазул пикру гьабе дуца. Кинабго бичІчІизе кумек гьабила дуе ТІадегІанас.
8Давудил наслуялъул вас ГІиса МасихІ ракІалдаса ине виччаге. Гьев хваралъуса вахъиналъул бицунеб Рохалил хабар тІибитІизабулеб буго дица. 9Гьеб сабаблъун гІазаб буго дие – такъсирчиясда кинигин, рахсал ран руго. Амма Аллагьасул каламалда рахсал разе кІоларо!
10Гьединлъидал дица кинабго хІехьолеб буго тІаса рищаразе гІоло – МасихІ ГІисаде цолъун, гьезие абадияб къудратги хвасарлъиги щвезе. 11ЦІакъ ритІухъал рагІаби руго:
Гьесда цадахъ нилъ хун ратани, Гьесда цадахъ чІагоги рукІина,
12Нилъеца хІехьолеб бугони, Гьесда цадахъ парччахІлъиги гьабизе буго,
Нилъеца Гьесдаса инкар гьабуни, Гьесги нилъедаса инкар гьабила,
13Нилъеда божизе бегьичІониги, Гьесда божизе бегьула,
Жинцаго жиндасаго инкар гьабизе кІоларелъул Гьесда.
14Гьездаги ракІалде щвезабе гьеб.

 

ГІазаб-гІакъуба хІехьолев чи

 

Аллагьасда цебе кидаго кьварун лъазабе гьезда гьодорал рагІабазул рахъалъ дагІба-къец гьабугейилан. ГІенеккаразе гьелдасан, къосин гурони, пайда гьечІо. 15Мун гІазаб-гІакъуба хІехьарав чи вугелъул, кІвараб хІалалъ хІаракат бахъе Аллагь разилъизавизе. ЗахІматалдаса намуслъизе бакІ гьечІев ва хІакъаб рагІи гурони бицунарев хІалтІухъанлъун вукІа. 16Иман гьечІел ва гьодорал харбал рикІкІад гьаре. Гьез гІадамал Аллагьасдаса цІакъго рикІкІалъизарула. 17ГьересинасихІатчагІазул рагІаби тІиритІула, чорхол цо лага хьордони, цогидал лугбуздеги гьеб бахунеб гІадин. Гьединазда гьоркьор руго Гименейги Филетги, 18– гьел хІакъаб нухдаса тарун руго ва гьез абулеб буго гІалам гьанжего хваралъуса бахъун бугилан, гьелдалъун цо-цоязул божи-иман кІалагъоркье чІвалеб буго. 19Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда.
20Бечедаб рокъоб, гІарац-меседалъул гуребги, цІулал ва щагІил цІарагІги букІуна. Гьезул цояздасан щибаб къойил пайда босула, цогидал тун рукІуна бертин-тоялъул къоялъ къватІире рахъизе. 21Квешабщиналдаса вацІцІад чІарав чи релълъуна гьединаб, цо хирияб къоялъе къачІан бугеб цІарагІалда. Гьеб бацІцІадго хутІула, бетІергьанасе гьелдаса пайда бахуна ва лъикІалщинал ишазе ярагьуна.
22ГІолохъанаб мехалда рекІелъе лъугьунел квешал къасдаздаса рикІкІалъе. РакІбацІцІадго ТІадегІанасе тІагІат-гІибадат гьабулезда цадахъ хІаракат бахъе ритІухълъи, божи-иман, рокьи ва рекъел нужелъго хутІизе. 23ГІадалаб ва жагьилаб дагІба-рагІиялдаса рикІкІалъе, дуда лъала гьелъ кьалде рачунеблъи. 24ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев чиясда рекъараб гьечІо гьелда гьоркьов гІахьаллъизе. Гьев вукІине ккола киназдехунго ракІлъикІав, малъизе бажарулев ва сабруяв чи. 25Жинде дандечІаразеги гьес хІеренго-хІалимго гьабизе ккола насихІат. Щиб лъалеб, жидеца гьабуралдаса рекІекълъизе тІамила Аллагьас гьел ва хІакъабщинаб лъаялде рачина. 26Цинги гьел кантІила, илбисалъул амруялъе мутІигІлъиялдалъун гьел ккун рукІараб къорикьа рорчІила.

 

3 бетІер

 

ЗахІматаб заман бачІине буго

 

1Цоги дуда лъай, Къиямасеб къоялде гІагарлъидал, захІматаб заман бачІине букІин. 2ГІадамазе цохІо жалго рокьила, гІарацги бокьила, жалго жидецаго реццила; гІамал кІодолъила, хъачІал рагІаби абила; эбел-инсухъ гІенеккиларо, баркала лъаларо, иман-диналдаса ратІалъила. 3Гьел рукІина рекІелъ рокьиги гурхІелги гьечІел, мацІ гьабулел, пасатал, гІасиял, лъикІлъи рихарал, 4хиянат гьабулел, тІасанккарал, чІухІарал чагІи. Аллагь разилъизавичІого, жидерго чурхдул разилъизарила. 5Рихьдаего Аллагьасда божулеллъун чІела, хІакъикъаталдайин абуни, гьез божи-иман гІадахъ босуларо. Гьединал гІадамаздаса рикІкІад чІа мун.
6Гьездаго релълъарал руго гьанже цо-цо гІадамал. Чияр рукъзабахъе лъугьун, гьез жидеего мутІигІ гьарула мунагьазул гьир бакІлъарал, батІи-батІиял къасдаз къосинарурал, тохал руччаби. 7Гьел руччаби кидаго цо щибалиго лъазабизейилан лъугьуна, амма киданиги хІакъабщиналда нахъгІунтІуларо. 8Мусаде данде Яннесги Ямбресги чІарал гІадин, пасатаб пикруялъул гьел гІадамалги хІакъабщиналде дандечІун руго. Гьодораб батана гьезул божи-иман. 9Амма гьезул иш битІун ккеларо. Дол кІиязулго гІантлъиго гІадин, гьезул гІантлъиги къватІибе загьирлъила!

 

Ахирисел насихІатал

 

10-11НасихІатал, хьвада-чІвади, цебе лъураб мурад, божи-иман, сабру, рокьи ва къохІехьей, гьединго Антиохиялда, Икониялда ва Листраялда дица хІехьезе ккараб хадурчІей ва гІазаб-гІакъуба – гьезул кинаб босун хал гьабуниги, мун кидаго дида хьолбохъ вукІана. Гьеб кинабгоги гІазаб-гІакъубаялдаса ТІадегІанас ворчІизавуна дун! 12МасихІ ГІисаде цолъун, бацІцІадго гІумру гьабизе бокьаралщиназеги букІине буго гьединаб гІазаб-гІакъуба. 13Амма квешлъиги хІилла-рекІкІги гьабулел гІадамал дагьабги квешалде ина. Гьезги гуккулел руго – гьелги гуккулел руго. 14Мунго чІа дудаго малъарабги тІубанго дур рекІеца къабул гьабурабги ккун. Дуда лъала дур мугІалимзаби щалали. 15Лъимерлъудасаго лъана дуда Хириял ТІухьдул. Гьел ТІухьдузул гІакъиллъиялда кІола МасихІ ГІисаде божи-иманалдалъун мун хвасарлъулеб куц малъизе. 16Киналго ТІухьдул – Аллагьасул калам буго. Гьез хІакъабщинаб малъула, тІекъабщинаб къватІиб чІвазабула, гъалатІ-хатІа битІизабула, ритІухъаб гІумруялъул хІакъалъулъ насихІат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул. 17Хириял ТІухьдуз Аллагьасе хъулухъ гьабулев чи камиллъизавула ва лъикІал ишазе хІажалъулебщинабги гьесие насиблъизабула.

 

4 бетІер

 

1Аллагьасда цебе ва чІагоязеги хваразеги суд гьабизе ПарччахІлъун вачІунев МасихІ ГІисада цебе дица кутакалда гьарулеб буго: 2санагІалъи бугеб мехалъги, гьечІеб мехалъги, Аллагьасул рагІи гІадамазда лъазабизе хІаракат бахъе. Дуца гьел божизаре, гьезие бадибчІвай гьабе, рекІелъ сабругун малъе гьезда. Дарсал кьолаго, кидагоги сабру гьабичІого тоге. 3Жидеда битІараб малъулел ругел хІехьезе кІвечІого, гІадамаз рагІизе хІасрат бугебщинаб рагІизелъун жидедаго сверухъе мугІалимзабазул тІубараб бо бакІарулеб заман бачІине буго. 4ХІакъабщинаб рагІизе бокьичІого, маргьабазухъ гІенеккила гьел.
5Амма сундулъго дур сабру букІине ккола. ГІазаб-гІакъуба хІехье. Рохалил хабар лъазабун, дурго иш гьабе, дурго хъулухъ тІубазабе.
6Дир рахъалъ абуни, хирияб бакІалда лъураб хъабиниса чагъир лъугІулеб гІадин, лъугІун унел руго дир гІумруялъул къоял. Къокъине заман гІагарлъун буго. 7Дун лъикІго гугарана, дун чІчІалде щвезегІан векерана, дица божи-иман цІунана. 8Аллагь разилъизавидал, гьанже дие къачІан буго бергьенлъиялъул шапакъат. Къиямасеб къоялъ ТІадегІанас кьела дие гьеб. Гьев вуго ритІухъав судияв. ЦохІо дие гуребги, гьев вачІиналъухъ гІащикъго ралагьун чІун ругелщиназеги кьела гьес гьеб.

 

Жиндирго рахъалдасан гьари

 

9Дуца хІаракат бахъе хехго дихъе вачІине. 10Гьаб дуниялалде рокьи цІикІкІун дун рехун тана Демасица ва Фессалоникаялде ана. Крескент Галатиялде ана, Тит Далматиялде ана. 11Дида аскІов цохІо Лука хутІун вуго. Маркги цадахъ ваче дуца, дир хъулухъалъулъ гьес дие цІакъ кумек гьабула. 12Тихик дица Эфесалде витІана. 13Мун гьаниве вачІунаго, дуца босе Троадаялда Карпил бакІалда хутІараб дир гІаба, тІахьалги росе, хасго къухьдузда хъварал.
14Маххул устар Александрица гІемераб квешлъи гьабуна дие. Гьесул ишазда рекъон жаза гьабеги БетІергьанас гьесие! 15Мунги гьесдаса цІунун чІа, нилъеца лъазабулеб бугеб Хабаралде цІакъ гІасиго дандечІун вугин гьев.
16ТІоцебе дие суд гьабулеб букІараб мехалда, кумекалъе щивниги вачІинчІо, киназго дун рехун тун вуго. Гьезул гІайиблъун рикІкІунгеги гьеб! 17Амма ТІадегІанав ГІиса дида цадахъ вукІана. Гьес дие къуват кьуна цогидал халкъаздаги Рохалил хабар тІубанго лъазабизе. ГъалбацІалъул гажаздаса хвасар гьавуна гьес дун. 18ТІадегІанас дун кинабго квешлъиялдаса ворчІизавила ва щибго зарал ккечІого жиндирго Зобалазулаб ПарччахІлъиялде вачина. Гьесие абадияб рецц! Амин!

 

Кагътил ахиралда саламалъул рагІаби

 

19Салам бице Прискиллада ва Аквилада, гьединго Онесифорил тІолабго рукъалъул агьлуялда. 20Эраст Коринфалда чІун вуго. Унтун вукІиндал, Трофим дица Милеталда тана. 21Хасел тІаде щвелалде вачІине хІаракат бахъе. Дуде салам битІулеб буго Эвбулица, Пудица, Линица, Клавдияца ва киналго диналъул вацаз. 22ТІадегІанас кидаго рехун тогеги мун! Аллагьасул цІоб лъеги нужеда!

 

Титихъе кагъат

Титихъе Павелил кагъат

 

Павел чапарас гьаб кагъат жиндихъе хъварав гьесул кумекчи Тит вукІана грекав, Павелил сапаразда гьесда цадахъ хьвадарал чагІазда гьоркьоса цояв. Тимофейихъе битІараб тІоцебесеб кагътидаго гІадин, гьаб кагътидаги бицунеб буго иман лъуразул жамагІаталъе нухмалъи кин гьабизе кколебали, малъулеб буго гьересинасихІатазул асаралдаса цІунейилан.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Аллагьасул лагъ ва ГІиса МасихІилчапар Павелица хъвалеб буго. ТІаса рищаразулъ божи-иман щулалъизабизе ва муъминлъиялде рачунеб хІакъаб нух гьезда бихьизабизе витІун вукІана дун. 2Гьеб нухдасан ун, нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьул буго. Жеги замана бижилелдего Аллагьас къотІи гьабун букІана нилъ абадияб гІумруялде рачине. Аллагьасул рагІи хвезе рес гьечІо! 3Нилъ хвасар гьарулев Аллагьас, жинцаго болжал цІараб заманаялда гьебги загьир гьабун, дида гьелъул бицине тІадкъана.
4Божи-иманалъулъ дунгун цолъун, хІакълъунго дие васлъун лъугьарав Тит, Эмен – Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал баркатги гурхІелги рещтІаги дуде.

 

Иман лъуразул агьлуялъул бетІер кинав вукІине кколев?

 

5Дица мун Криталда тун вуго гьениб жеги лъугІичІого хутІун букІараб иш лъикІ гІуцІизе ва дица дуда лъазабун букІараб къагІидаялъ щибаб шагьаралда иман лъуразул агьлуялъул бетІерги тІамизе. 6Гьев вукІине ккола жинда гІайибги чІваларев, цохІо гурони лъадиги ячинчІев чи, гьесул рукІине ккола пасалъиялъулги мутІигІлъунгутІиялъулги рахъалъ кІалухъ рахъичІел муъминал лъимал. 7Аллагьасул ишазул тІалаб гьабун тарав чи вугелъул, иман лъуразул агьлуялъул бетІер вукІине ккола жинда гІайиб чІваларев, чІухІи-пахрулъи гьечІев, ццин бахъунарев, гьекъезе бокьуларев, вагъизе гІедегІуларев ва хъантІи гьечІев чи. 8ВукІине ккола гьобол хирияв, лъикІлъи бокьулев, тІокІал жал гьаруларев, ритІухъав, Аллагьасда цеве вацІцІадав ва жиндаго квелъ базе кІолев чи. 9Жинда малъараб ва божизе бегьулеб рагІудаса кьуризе бегьуларо гьев. Гьес насихІат гьабизе кколелъул бацІцІадаб диналъул рахъалъ ва гьелда дандечІаралги ритІизаризе кколелъул.

 

МутІигІлъуларезул кІал къазе ккола

 

10ГІемер ругелъулха мутІигІлъуларел, чІанда бицунел ва гІадамал гуккулел чагІи, хасго жугьутІазул гІадатал цІунулезда гьоркьор. 11Гьезул кІал къазе ккола. Жидерго инжитаб хъантІиялъ гьез тІубарал хъизанал, малъизе бегьуларебги малъун, руссине-сверизе гьарулел ругелъул. 12Жидерго шагІирасги гьезул хІакъалъулъ гьадин абун буго: «Криталъул гІадамал – кидаго гьерсихъаби, ццидалал жанаварал, кІвахІалал чохьокал!» 13ХІакъал рагІаби руго гьел. Гьединлъидал дуца гьезие бадибчІвай гьабе, нужер божи-иман загІиплъизе тогеян, 14ягьудиязул маргьабаздаги божугеян ва хІакъикъат мекъи сверизабулезухъги гІенеккугеян.
15Жалго рацІцІадазейин кинабгоги хІалалаб бугеб. Амма хъубазе ва божи-иман гьечІезе щибгоги хІарамаб буго. Гьезул гІакълу-пикруги яхІ-намусги хъублъун бугелъулха. 16Жидеда Аллагь лъалилан чІаниги, жидерго ишаздалъун гьесдаса инкар гьабулеб буго гьез. Гьел руго нахъегІанал, мутІигІлъуларел ва щибниги лъикІлъи гьабизе жидехъа бажаруларел гІадамал.

 

2 бетІер

 

Титица гьаризе кколел насихІатал

 

1БацІцІадаб диналда рекъон насихІат гьабе дуца. 2Херал бихьинал рукІине ккола гІорхъи-рахъ цІунарал, цІодорал, тІокІал жал гьаруларел, божи-иманги, рокьиги ва сабруги бугел. 3Гьединго херал руччаби рукІине ккола вализабазул гІадаб хьвада-чІвадиялъул, жидеца мацІги гьабуларел, чогърое лагълъиги гьабуларел ва лъикІабщинабги малъулел. 4-5Жидерго росалги лъималги рокьейилан, тІокІал жалги гьаругейилан, рацІцІадгоги хьвадейилан, рукъалъул хІалтІиги гьабейилан, россабазе мутІигІал лъикІал лъудбилъунги рукІайилан гІолохъанал руччабаздаги бичІчІизабизе ккола гьез, Аллагьасул калам гъоз какунгутІизелъун. 6Гьединго гІолохъабаздаги малъе тІокІал жал гьаругейилан. 7ЛъикІал ишаздалъун дуца сундулъго мисал бихьизабе, – мун вукІине ккола къадру-къимат борхарав ва бацІцІадаб гІамал-хасияталъул насихІатчилъун. 8Каламги дур букІине ккола кьучІаб ва тІад кІалъазе бакІ гьечІеб, нилъер хІакъалъулъ абизе квешаб рагІиги батичІого, нилъеда дандечІаралал инжитлъулеб. 9Лагъзадерида бичІчІизабе жидерго бетІергьабазе мутІигІлъизе ва гьел рази гьаризе кколилан, гьезул рагІи къотІугейилан, 10гьезие цІогь гьабугейилан ва сундулъго лъикІаб божилъи бихьизабейиланги, – гьелдалъун лагъзадерица берцинлъизабила нилъ хвасар гьарулев Аллагьасул малъи.
11Киналго гІадамал хвасар гьаризе Аллагьасул баркат рещтІун бугелъулха. 12Гьелъ малъулеб буго, Аллагьасда божунгутІиги дуниял хиралъиги нахъчІван, гьаб гІасруялда нилъ хьвадейин: ритІухълъиги цІунун, Аллагьасукьаги хІинкъун ва тІокІал жалги гьаричІого. 13Нилъ ралагьун чІун ругелъулха ТІадегІанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал къудрат рещтІинилан хьул бугеб баркатаб къо бачІиналъухъ. 14Квешабщиналдаса хвасарги гьарун ва рацІцІалъизеги гьарун, лъикІабщиналде гъира бугеб жиндирго хасаб халкълъун нилъ лъугьинаризелъун живго рецІалие кьуна МасихІица. 15Дур тІолабго ихтияралдаса пайдаги босун, гьеб кинабго бице, бичІчІизабе ва къосунел ругелалги чІезаре. Гьез мунго рикІкІунгутІизе биччаге.

 

3 бетІер

 

ЛъикІлъи гьабейилан малъе

 

1Гьезда кидаго ракІалде щвезабе хІакимзабазе мутІигІлъизе кколилан, ракІалде щвезабе малъараб гьабейилан, лъикІабщинаб гьабизеги хІадурго чІайилан, 2лъилниги хІакъалъулъ квешаб рагІи абугейилан, дагІбадугейилан, хІалимлъейилан, киналго гІадамаздехун хІеренлъейилан. 3Цере нилъги рукІиндалха гІантал, Аллагьасде мутІигІлъуларел, къосинарурал, нилъерго гьаваялъеги ва батІи-батІиял лазатазеги лагълъи гьабулел, ццидалъги жахІдаялъулъги къарал чагІи; нилъее гІадамалги рокьулароан, гІадамазе нилъги рокьулароан. 4Амма нилъ хвасар гьарулев Аллагьасдасан лъикІлъиги ва инсан хиралъиги загьирлъана. 5Илагьияб РухІалдалъун цІидасан рижиги насиблъизабун ва цІияб гІумруги кьун, гьес нилъ рацІцІалъизариялдалъун хвасар гьаруна, нилъер ритІухъал ишазухъ балагьун гуреб, жиндирго гурхІелалдалъун. 6Нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІидалъун гьеб РухІ Аллагьас нилъеде гьарзаго чвахизабуна. 7МасихІил баркаталдалъун нилъ Аллагьасда цере ритІухълъула, гьелдалъун нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьулги цІикІкІинабуна.
8ХІакъал рагІаби руго гьел. Ва дие бокьун буго мун хасго гьезда тІадчІезе, Аллагьасде иман лъурал гІадамалги гьелдалъун лъикІал ишазде руссине. ГІадамазе лъикІлъиги пайдаги кьола гьел ишаз. 9Амма умумузул сияхІалда тІасан гІантаб дагІбаялдасаги ва Къануналъул рахъалъ къацанди-бахІсаздасаги рикІкІад чІа. Гьезул я пайда гуро, я хайир гуро. 10Рикьи ккезабугейилан кІиго нухалъ лъазабуниги кантІичІев чиясдасаги ватІалъун чІа, 11дуда лъалелъул гьединав чи къосун вукІин. Мунагьал гІемерлъиялдалъун гьес жинцаго жиндиего хІукму къотІун буго.

 

Кагътил ахир

 

12Дица духъе Артема яги Тихик витІун вачІаравго, дида аскІове Никополалде гІедегІе мун, гьениб хасел тІамизе хІукму гьабун бугин дица. 13Къанунчи Зенаги Аполлосги сапаралде ритІе ва нухда гьезие къваригІунебщинабги кье. 14ЛъикІал ишазде ругьунлъизе риччанте нилъер гІадамал, цогидазул къварилъи бацІцІине ва жидерго ишазул гъотІода пихъги бижизе.
15Гьанир дида аскІор ругелщиназулги салам буго дуде. Божи-иманги цогоял нижги рокьулел гІадамазда салам бице. Нужеда киназдаго баркат лъеги.

 

Филемонихъе кагъат

Филемонихъе Павелил кагъат

 

Филемонихъе гьаб кагъат хъван буго гІага-шагарго 60-абилел соназда, Павел чапар туснахъалъув вугеб заманаялда. Филемон вукІана Колоссиялда бугеб иман лъуразул жамагІаталъе бетІерлъи гьабулезул цояв. Кагъат хъваялъе гІиллалъунги ккана Филемонида аскІоса лъутарав гьесул лагъ Онесим Рималда Павелида дандчІвай ва, чапарасул вагІза-насихІат гІадахъ босун, гьес ГІисаде иман лъей.

 

 

Саламалъул рагІаби

 

1МасихІ ГІисаде иман лъеялдалъун туснахъалъув тІамурав Павелил ва нилъер вац Тимофейил салам буго нижер хирияв кумекчи Филемониде, 2нижер яц Апфияде, нилъер ишалъул къеркьохъан Архиппиде ва дур рокъоб данделъулеб иман лъуразул агьлуялде. 3Нилъер Эмен Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда.

 

Филемонил божи-иманги иман лъуразде гьесул рокьиги

 

4Аллагьасе рецц гьабун, кидаго дица мун дирго дугІабазулъ рехсола. 5ТІадегІанав ГІисаде дур божи-иманалъулги ва киналго иман лъуразде бугеб рокьиялъулги хІакъалъулъ рагІана дида 6МасихІиде цолъараб гІумруялъулъ нилъее гІемераб лъикІабщинаб щвана. Гьеб дуда мухІканго бичІчІиялде мун нилъер божи-иман цо букІиналъ вачагиян гьарула дица. 7Дун вохана, вац, ва цІакъ разилъана ниж дуе рокьулел рукІинги иман лъуразул дуца ракІбатизабулеб букІинги лъайдал.

 

Павелица Онесимил рахъалъ гьарулеб буго

 

8МасихІил диналъул вац вугелъул, дуца тІубазабизе кколеб ишалъул рахъалъ дуе амру гьабизеги ихтияр буго дир. 9Амма дие мун вокьулелъул, дица – Павелица, МасихІ ГІисал вакилас, тІадежоялъеги гьанже гьесие гІоло туснахъалъув тІамурав чияс – дуда гьарун толеб буго. 10Дир васлъун кколев Онесимил[1] рахъалъ гьарулеб буго дица дуда. Рахсаз вухь-вухьун вугеб мехалъ дун гьесул эменлъун лъугьана. 11Цебе гьесдаса дуе пайда букІинчІо, амма гьанже дуеги диеги пайда буго гьесдаса. 12Дица гьев тІадвуссун духъе витІулев вуго, гьесда хадуб дирго ракІ бахъун унеб бугониги. 13Дун туснахъалъув вугевгІан заманаялъ, гьев гьанив тезе бокьун букІана Рохалил хабар тІибитІизабиялъул ишалъулъ, мунги хисун, гьес дие кумек гьабизе. 14Амма дур изну гьечІого щибго гьабичІо дица, – зулмуялдалъун гуреб, мунго разилъун, гьеб лъикІаб иш дуца гьабизе бокьун.
15ТІубанго тІадвуссун духъе вачІинелъун ватила Онесим дагьабго заманаялъ дудаса ватІалъун вукІарав. 16Гьанже гьев гІадатияв лагъ гуро, лагъасдасаги гІемерго тІадегІанав чи вуго, хасго дие ва дагьавги цІакъ дуеги вокьулев вац вуго. Лагълъун вугони щиб гьев, ТІадегІанав МасихІида цеве дур вац вугелъул.
17Цинги, дуца дун нужер агьлуялъул чилъун къабул гьавулев ватани, дун гІадин къабул гьаве дуца гьевги. 18Гьес мун сундалъунниги къварид гьавун ватани, яги гьесда налъи бугеб батани, дида тІад хъвай гьеб. 19Гьале дица – Павелица дирго квералъ хъвалеб буго: дица гьеб налъи бецІила. Дур гІумругицин дие налъилъун бугиланги абиларо дица. 20Мунги диналъул вац вугелъул, ТІадегІанасе гІоло гьеб гьари тІубазабе. Гьедин, МасихІие гІоло, дир ракІ гІодобе биччазабе.
21Мун дихъ гІенеккизе вукІиналда ракІчІун хъвалеб буго дица гьаб. Дида лъала дица гьараралдасаги цІикІкІун дуца гьабизе букІин. 22Гьанже, вац, цо дие чІезе бакІги къачІай гьениб. Нужер гьари-дугІа къабул гьабун, Аллагьас дун нужехъе тІадвуссинавизеги бегьула.

 

Цогидазулги саламал

 

23МасихІ ГІиса сабаблъун дида цадахъ туснахъалъув вугев Эпафрасил, 24гьединго дир кумекчагІи Маркилги, Аристархилги, Демасилги, Лукалги салам буго дуде.
25ТІадегІанав МасихІ ГІисал баркат лъеги нужер рухІазда!

 

 

ЖугьутІазухъе кагъат

ЖугьутІазухъе гьаб кагъат 70 соналде хъвараблъун рикІкІуна. Гьеб кагътида тІад Павелил цІар бугониги, рикІкІунеб буго гьеб чапарасул цо муридас хъван батилин. Кагътида аслияб къагІидаялъ бицунеб буго НекІсияб КъотІиялъул заманаялда жугьутІаз Аллагьасе къурбанал Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъоб кашишзабазул гьоркьохъанлъиялдалъун гьарулел рукІанин, гьелдалъун жалго рацІцІалъизе. Гьел къурбанал камилал рукІинчІин ва нахъаса къотІичІого такрар гьаризе кколаанин. ГІиса МасихІ дуниялалде вачІанин камилав кашишлъун ва камилаб бацІцІадаб къурбанлъун. Гьеб цохІого-цохІо бугеб къурбаналдаса хадуб НекІсияб КъотІиялъул гІемерал къурбанал къваригІунарин гьанжейилан бичІчІизабулеб буго. ГІиса МасихІ Аллагьасул Вас вугелъул, гьев цересел аварагзабаздаса, Мусадасагицин, ва малаикзабаздаса гІемерго тІадегІанав вугин хъвалеб буго гьеб кагътида. «ЖугьутІазухъе кагътил» бищунго машгьураб бутІа ккола жинда жаниб божи-иманалъе рецц гьабулеб бугеб 11-абилеб бетІер.

 

1 бетІер

 

Аллагь нилъедехун кІалъана, жиндирго васги витІун

 

1Цебе заманалда чанго нухалъ ва батІи-батІияб къагІидаялъ кІалъана Аллагь нилъер умумуздехун жиндирго аварагзабиги ритІун. 2Гьаб дуниялалъул ахир гІагарлъараб заманалдайин абуни, гьев нилъедехун кІалъана жиндирго васги витІун. Васасе щвезе буго Аллагьас бижанщинаб, гьесдалъун бижана дуниял-гІалам. 3Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда.
4Малаикзабазулаздаса кигІан тІадегІанаб цІар Аллагьас гьесие кьураб батаниги, гьебго даражаялда малаикзабаздаса тІадегІанлъизавуна гьес жиндирго вас. 5Цониги малаикасда абурабищ Аллагьас:
«Мун дир Вас вуго.
Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», – ян?
Цониги малаикасул хІакъалъулъ абичІо Аллагьас:
«Дун гьасул Эменлъун лъугьина,
Гьавги дир Васлъун лъугьина», – ян.
6Жиндирго тІоцеве гьавурав Вас ракьалде витІулеб мехалъ, гьес абуна:
«Аллагьасул киналго малаикзабаз гьасие сужда гьабизе буго», – ян.
7Малаикзабазул хІакъалъулъ абун буго:
«Аллагьас рижарал малаикзаби гьурал гІадинал руго, гьесул рагьтІателалги цІадул мацІал гІадинал руго».
8Васасул хІакъалъулъ абун буго:
«Абадул-абадиялъго букІина дур парччахІлъи!»
Цогиги:
«РитІухъаб ханлъи гьабила, я БетІергьан,
дуца дурго халкъалъе.
9РитІухълъи дуе хирияб буго,
квешлъи дуе цІакъ рихараб буго.
Гьединлъидалин, я дир ПарччахІ,
дур Аллагьас мун тІаса вищарав,
парччахІлъун вукІинеги мустахІикълъарав.
Дур гьалмагъзабазеялдаса цІикІкІараб рохелги хІурматги насиблъана дуе».
10Цоги абун буго:
«Дуца тІоцебе ракь бижана, я БетІергьан,
Дуца зобалги рижана.
11Гьел щущан ина, амма мун нахъе хутІила.
РетІел-кун гІадин хохон ина гьел киналго.
12ТІимугъ гІадин гура-сурун рехила дуца гьел,
Гурде-тІажу гІадин, хис-хисила гьел,
Амма мун киданиги хисиларо.
Дуе ахир гьечІо».
13Аллагьас цониги малаикасда киданиги абурабищ:
«Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа,
дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан»?
14Малаикзаби щал кколел? Гьел руго Аллагьасе хъулухъалъе чІарал ва хвасарлъи ирсалъе щолезе кумек гьабизе гьес ритІулел рухІал.

 

2 бетІер

 

ХІакъабщинаб къахІан ккве

 

1Гьединлъидалин нилъеда рагІараб Аллагьасул калам щулаго кквезе кколеб, хІакъаб нухдаса нилъго тарунгутІизе. 2Малаикзабиги ритІун нилъер умумузухъе Аллагьас рещтІинабураб рагІигицин щулияб букІана, гьелъие мукІурлъичІезе яги гьелъухъ гІенеккичІезе ритІухъаб тамихІги гьабуна. 3Гьанже загьирлъараб цІакъго кІудияб хвасарлъиялде мугъ рехани, кинха нилъ хвасарлъилел? ТІадегІанас жинцаго тІоцебе лъазабуна нилъеда гьеб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ, гьесухъ гІенеккаразги бихьизабуна гьеб хІакъаб букІин. 4БатІи-батІиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарун ва батІи-батІияб къагІидаялъ Илагьияб РухІги жиндиего бокьухъе гІадамазде рещтІинабун, Аллагьас жинцагоги нугІлъи гьабуна гьелъие.

 

Нилъ хвасарлъиялде рачунев МасихІ

 

5Гьеб нилъеца бицунеб бугеб цІияб дуниялалъул кверщел малаикзабазухъе гуро Аллагьас кьураб. 6ТІухьдузда буго гьадин хъвараб бакІ:
«ГІадан щиб жо кколеб, я Аллагь,
дуца гьесул пикру гьабизе ккани?
Инсанасул тІалаб щай дуца гьабулеб?
7Малаикзабазулалдаса дагьабго гІодобегІанаб даража кьуна дуца инсанасе,
ЦІарги реццги насиблъизабуна дуца гьесие,
8Бижанщиналъул кверщелги кьуна гьесухъе».
«Бижанщиналъул кверщел кьунин» инсанасухъейилан абулеб буго, гьесул кверщаликь гьечІеб жо щибниги хутІичІеблъиги бичІчІулеб буго. Бугониги – бижанщиналъул кверщел гьанже инсанасухъ бихьулеб гьечІо нилъеда.
9Амма нилъеда вихьулев вуго Аллагьасул рахІму-цІобалдалъун нилъ киназего гІоло хвезе дагьабго заманаялъе «малаикзабазулалдаса дагьабго гІодобегІанаб даража кьурав» ГІиса. Нилъеда бихьулеб буго, жинца хІехьараб хвел сабаблъун, гьанже гьесие «цІарги реццги насиблъун букІин». 10Кинабго сундуего ва жинцаго бижарав Аллагьас ГІиса гІазаб-гІакъубаялдалъун камиллъизави ритІухълъараблъи бихьана нилъеда, – гІемерал лъималазе гьесул цІар-реццалъул бутІа щвана. ГІисацалъидалин гьел хвасарлъиялде рачунел!
11Гьеслъидал гІадамал рацІцІалъизарулел. Жинца гІадамал рацІцІалъизарулевги ва жал рацІцІалъизарулелги ЦохІо вугесдасан рачІарал руго. Гьединлъидалин ГІиса намуслъуларев гьел жиндир вацал ругин абизе. 12Гьес Аллагьасда абулеб буго:
«Дица дирго вацазул жамагІаталда жанив мун кІодо гьавила,
гьезул данделъиялда рецц гьабила дица дуе».
13Цоги гьес абулеб буго:
«Гьесдейин дир хьул букІинеб».
Цоги гьес абулеб буго:
«Гьале дунги дие Аллагьас кьурал лъималги».
14Лъималилан гьес гІадамазда абулеб бугелъул, гьелго гІадинав гьанги биги чорхолъ бугев инсанлъун лъугьана ГІисаги. Гьедин гьабуна гІадамал хвезаризе кІолеб илбис жиндир хвалидалъун хвезабизе бокьун. 15Гьедин ГІисаца тархъан гьаруна гІумруялъго хваликьа хІинкъун рукІарал гІадамал. 16Малаикзабазе хІалае гуро гьев вахъунев. Гьев хІалае вахъуна Ибрагьим аварагасул зурияталъе.
17Гьедин ГІиса сундулъго жиндирго вацазда релълъине кколаан. Гьезда гурхІулев ва ритІухъав бищунго кІудияв кашишлъун лъугьана ва, гІадамазул мунагьал чурун, Аллагьасул амру тІубазабуна гьес. 18Илбисалъ гьабураб хІалбихьиялъул гІакъуба жинцагоги хІехьедал, гьанже ГІисада кІола гьелъ хІалбихьулеб бугезе кумек гьабизе.

 

3 бетІер

 

Мусадаса гІемерго цІикІкІун машгьурлъана ГІиса

 

1Дун гІадин Аллагьас тІаса рищарал дир вацал! Нилъер божи-иманалъе чапарлъунги бищунго кІудияв кашишлъунги Аллагьас витІарав ГІисахъ ралагье! 2Аллагьасул минаялъе, Мусаго гІадин, жив тІаса вищарав Аллагьасе ритІухъав вукІана гьев. 3Жибго минаялдаса цІикІкІун машгьурлъула гьеб мина гьабурав чиясул цІар. Гьедин Мусадаса гІемерго цІикІкІун машгьурлъана ГІиса. 4Щибаб минаялъул вукІуна гьеб гьабурав чи. Аллагь вуго кинабгоги гьабуравлъун. 5Муса вукІана Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъе хилиплъуларев чи, гьес нугІлъи гьабулаан хадусеб заманалда Аллагьасул рагІи рещтІине букІиналъе. 6МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас.
Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, – нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони.

 

Нужерго ракІал рицалъизе риччаге

 

7Илагьияб РухІалъ абулеб буго:
«Жакъа нужее Аллагьасул калам цІалулеб бугони, 8нужерго ракІал рицалъизе риччаге. Доба гІицІаб авлахъалда, дандечІун, Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб букІараб къоялъ нужер умумузулги ракІал рицалъун рукІана.
9Доба гьез Дир хІалбихьана, Дун щивали хал гьабуна, кІикъого соналъ Дица щиб гьабурабали бихьун букІаниги.
10Гьединлъидал, гьеб наслуялда ццин бахъун, Дица абуна: Гьезул ракІал васвасдулел руго, Дир нухдасан унел гьечІо гьел. 11Ццин бахъун Дун гьедана гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан!»
12Воре, вацал, лъицаниги рекІелъе лъугьине биччаге квешлъиги иман гьечІолъиги, – чІагояв[1] Аллагьасдаса ратІалъичІого хутІизе. 13Нужер цонигияв мунагьалъ гуккунгутІизе ва нужер ракІал рицалъичІо рукІине, жакъайилан абизе бегьулебгІан заманаялъ щибаб къойил цоцазе насихІат гьабе. 14МасихІилгун гІахьалаб ирс насиблъула нилъее киназего, доб тІоцебе букІараб ракІчІей ахиралде щвезегІан щулалъизабуни.
15ТІухьдузда хъван буго:
«Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге, – Аллагьасде дандечІун нужер умумузул ракІал рицалъун рукІарал гІадин».
16Щалха дол рукІарал, «Аллагьасул калам рагІаниги», «дандечІарал» гІадамал? Мусаца Мисриялдаса къватІире рачарал чагІи гурищ! 17КІикъого соналъ Аллагьасул ццин лъида бахъун букІараб? Мунагьал гьаридал гІицІаб авлахъалда жидер рукьби хутІарал чагІазда гурищ! 18«Гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан» Аллагь лъил рахъалъ гьедарав? МукІурлъуларезул рахъалъ гурищ! 19Гьеле нилъеда бихьулеб буго: иман гьечІолъи сабаблъун кІвечІо гьезда доб жидее къотІи гьабун букІараб ракьалде рорчІизе.

 

4 бетІер

 

РахІат-хІалхьиялде рачина нилъ Аллагьас

 

1РахІат-хІалхьиялде нилъ рачинилан Аллагьас кьураб рагІи хвезе гьечІелъул, рачІа хІаракат бахъилин гьеб нилъее къотІи гьабураб рахІат-хІалхьиялде ворчІуларев чи нилъеда гьоркьов цониги хутІунгутІизе. 2Дол цогидал гІадамаздаго гІадин, нилъедаги рагІана Рохалил хабар. Амма гьеб хабар рагІунилан дозие пайда бахинчІо, гьеб рагІараб мехалъ дол гьелда божичІелъул. 3Гьелда божарал нилъее щвезе буго Аллагьас къотІи гьабураб рахІат-хІалхьи. Гьадин абулеб буго гьес гьелъул хІакъалъулъ:
«Ццин бахъун дун гьедана, гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинарилан!»
Гьес гьедин абуна, дуниял бижараб ва гьеб бижиялъул хІалтІи лъугІараб мехалдасаго жиндирго къадар киданиги хисизабун букІинчІониги. 4Цогидаб бакІалдаги хъван буго анкьабилеб къоялъул хІакъалъулъ ТІухьдузда:
«Анкьабилеб къоялъ жиндирго хІалтІи лъугІидал,
Гьес хІалхьи гьабуна».
5Амма гьелъулго хІакъалъулъ гьес абулеб буго:
«Гьезие рахІат-хІалхьиялъе дица кьезе бугеб бакІалде гьел киданиги лъугьинаро!»
6Гьанже цо-цоял гьеб рахІат-хІалхьиялъе кьураб бакІалде лъугьунел рукІин хІакъаб буго, амма бищун цебе Рохалил хабар рагІарал дол цогидал гІадамал гьенире лъугьинчІо, Аллагьасде гьел мутІигІлъичІелъул. 7Гьеб бихьулеб буго Аллагьас цІидасан цоги къо чІезабулеб букІиналдасан. «Жакъасеб къойилан» лъун буго гьес гьелда цІар. ГІемерал соназдасан Давудил кІалдир лъун, абун руго Аллагьас гьелъул хІакъалъулъ нилъеца тІадехун рехсарал рагІаби:
«Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге».
8Нунил вас ЕшуагІица гьел рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде рачун рукІаралани, Аллагьас гьелдаса хадуб цогиги къоялъул хІакъалъулъ бицен гьабилароан. 9Гьединлъидал Аллагьасул халкъалъе къачІан буго шамат къоялъул рахІат-хІалхьи. 10Аллагьас рахІат-хІалхьиялъе кьелилан къотІи гьабураб бакІалде лъугьуневщинав чияс, хІалтІи лъугІун хадуб хІалхьи гьабула, Аллагьас жиндирго хІалтІудаса хадуб хІалхьи гьабураб гІадин. 11РачІа нилъецаги хІаракат бахъилин рахІат-хІалхьи бугеб бакІалде лъугьине, – дол гІадамазулго гІадинаб мутІигІлъунгутІиялъ къосинарунгутІизе.
12Аллагьасул рагІулъ чІаголъиги буго, жигарчилъиги буго. КІибалаб ханжаралдасаги бегІераб буго гьеб. Напсги рухІги цоцаздаса батІалъулеб бакІалде, щукІдулги рукьбиги цолъулеб бакІалде щвезегІан, гъваридго гъорлъе къан уна гьеб. Аллагьасул рагІиялъ суд гьабула инсанасул рекІел къасдазе ва ниятазе. 13Нилъеца жинда цебе жаваб кьезе кколев Аллагьасдаса бахчизе кІоларо гьес бижараб цониги жоялда. Кинабго гьесда цебе буго, гьесул берзукь буго.

 

ГІиса бищунго кІудияв кашиш ккола

 

14РачІа нилъеца ГІисал хІакъалъулъ гьабулеб калам щулаго кквезин. Нилъер вугелъул Аллагьасул вас ГІиса – зобалазде восун арав бищунго кІудияв кашиш. 15Нилъер загІиплъи бичІчІуларев бищунго кІудияв кашиш гуро гьев. Нилъецаго гІадин илбисалъул хІалбихьи хІехьезе ккана гьес, амма мунагь-хатІа лъугьинчІо гьесдасан. 16Таваккалго гІагарлъилин баркат рещтІинабулев Аллагьасул тахалде, – хІажатаб мехалда гьес нилъеда баркатги цІобги лъезе.

 

5 бетІер

 

1Щивав бищунго кІудияв кашиш гІадамазда гьоркьоса вищула, Аллагьасда цеве гьезул вакиллъун вукІине, гьезул мунагьал чуриялъе къурбаналги сайигъаталги гьаризе. 2Инсан вугелъул, гьесулъ загІиплъи камуларо, гьесда ричІчІула жагьилалги къосун ккаралги. 3Гьединлъидал гьесда тІадаб буго халкъалъул мунагьазе гІоло гуребги, жиндирго мунагьазе гІологи къурбан гьабизе. 4Живго лъикІав лъугьун бищунго кІудияв кашишлъун вахъунаро щивниги, – Гьарун гІадин, Аллагьас тІаса вищарав чи гурони.
5Гьединго живго лъикІав лъугьун гуро МасихІги бищунго кІудияв кашишлъун вахъун машгьурлъарав.
«Мун дир Вас вуго.
Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», – ян гьесда абурав Аллагьасин гьев тарав.
6Цогидаб бакІалда гьес абулеб буго:
«Мун вуго абадул-абадиялъего кашиш,
Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин».
7Гьаб ракьалда гІумру гьабун вукІараб мехалда, ГІисаца дугІаби гьаруна ва гьев гІек-гІекун гІодана жив хвалдаса хвасар гьавизе кІолев Аллагьасда цеве чІун. Аллагьасе мутІигІав вукІиндал, гьесул дугІа къабул гьабуна. 8Аллагьасул Вас вукІаниги, гІазаб-гІакъуба хІехьон, мутІигІлъизе ругьунлъана гьев. 9Камиллъараб мехалда гьев лъугьана жиндихъ гІенеккаразе насиблъулеб абадияб хвасарлъиялъул иццлъун. 10Аллагьас гьев тІамуна бищунго кІудияв кашишлъун, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин.

 

Божи-иманалдаса ратІалъарал чагІи тавбуялде рачине кІоларо

 

11Гьелъул хІакъалъулъ бицине жо гІемер буго нижер, амма бичІчІизабизе захІмалъила, бичІчІизе нуж хІинцал ругелъул. 12Гьанжени нужго рукІине кколаан мугІалимзабилъун, амма, цебего гІадин, нужее къваригІунев вуго Аллагьасул рагІиялъул аслу-кьучІ цІидасан бичІчІизабулев чи. КъвакІараб квен кваназе кІолеб гьечІо нужеда, рахьги гьекъон чІолел руго. 13Рахь гьекъон чІолев чи лъимералда релълъуна, битІарабги тІекъабги батІа гьабизе лъаларо гьесда. 14КъвакІараб квен данде ккола балугълъи-камиллъи щваразе, бихьун-лъан лъикІабги квешабги батІа бахъизе кІолезе.

 

6 бетІер

 

1МасихІил хІакъалъулъ рагІул тІоцересел дарсалги нахъа тун, рачІа нилъ церехун инин балугълъи-камиллъи щваразул гІелмуялде. ЦІидасан кьучІ тІамун щай нилъее? ЦІидасан бицинарин тавбуялъулги, хвалде рачунел ишал рехун теялъулги, Аллагьасда божиялъулги, 2лъадалъ ччун рахъиялъулги, дугІаги гьабун тІад квер лъеялъулги, хваралъуса рахъиналъулги, Аллагьас абадиялъего гьабураб хІукмуялъулги. 3Бичас биччани, нилъ церехун ина!
4Божи-иманалдаса ратІалъун ругел чагІи тавбуялде рачине кІолелищ? Цере гьел рукІана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гІадин, Илагьияб РухІалдасан гьунарги щвана. 5ХІалбихьун лъана гьезда Аллагьасул рагІиялъул лъикІлъи, лъана тІаде щвезе бугеб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул къуват-гуч. 6Кин гьел ритІун ккезарилел, божи-иманалдаса ратІалъун ругони? Гьез цІидасан хъанчида валев вуго, инжит-хІакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас!
7Ризго рарал цІадазул регьел гъорлъ цІикІкІараб ракьалъ лъикІаб бачІин кьола хурухъабазе. Гьединаб ракьалда Аллагьасул баркат лъола. 8Амма гьеб ракьалда заз-хъарахъ гурони бижулеб гьечІони, гьелдаса пайда бахунаро, Аллагьасул нагІана насиблъиялъул хІинкъи букІуна гьелъие. Ахирги цІа гъун бухІула гьединаб ракьалда бижарабщинаб.
9Амма нижеца гьедин абулеб бугониги, дир хириял вацал, нижер ракІчІола нуж гьединал чагІи ратиларин, нужеда дагьабги цІикІкІараб баркат лъелин ва гьелъ нужги хвасар гьарилин. 10Аллагь ритІухъав вуго. Иман лъурал вацазул нужеца цебего гІадин гьанжеги тІалаб гьабулеб буго. Гьеб жив вокьун нужеца гьабулеб бугеб иш кІочон толаро Аллагьасда. 11Нижее бокьун буго нужер щивав чиясул хІаракатги тавакалги ахиралде щвезегІан чучлъунгутІизе, Аллагьасде лъураб хьулги тІубазе. 12Нуж кІвахІаллъуге. Божи-иманги сабруги бугелъул, Аллагьас къотІи гьабураб жо жидее щолел гІадамаздаса мисал босе.

 

Аллагьасул рагІи хисуларо

 

13Ибрагьим аварагасе къотІи гьабулеб мехалъ, цІар рехсон гьедизе жиндаса тІадегІанав вукІунарелъул, жиндирго цІаралдалъун гьедана Аллагь. 14Гьес абуна: «Дица дуде баркат рещтІинабила! Дица дуе наслаби кьела». 15Цинги, сабру гьабун чІедал, Ибрагьимие щвана жиндие къотІи гьабураб жо. 16ГІадамал гьедула жидедаса гІемерго тІадегІанаб жо рехсон. Гьедин, гьа гьедун лъугІизабула кинабгоги дагІба-къец. 17Жиндир ният-къасдалдаса киданиги къуркьунгутІи-кьурунгутІи жидее къотІи гьабурал гІадамазда бихьизабизе бокьараб мехалъ, жинцаго кьураб рагІи щулалъизе гьаги гьедана Аллагьас.
18Аллагьасул гьереси букІунарелъул, киданиги хисулареб кІиго жо буго – кьураб рагІиги гьаги. Гьединлъидал кІанцІизе бакІ Аллагьасда аскІоб батарал нилъер ракІчІей цІикІкІана хьул лъураб щвезе букІиналда. 19Гьеб хьул нилъер рекІее буго щулияб ва кьури гьечІеб хІубилъун. Нилъер хьул лъолев ГІиса Мукъадасаб БакІалъул пардав бахун жанивехун лъугьуна. 20Нилъее гІоло ГІиса нилъедаса цеве гьениве жаниве лъугьана ва абадул-абадиялъего кашишлъунги лъугьана, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин.

 

7 бетІер

 

Мелкицедек кашишасул хІакъалъулъ

 

1Гьев Мелкицедек вукІана Салам улкаялъул парччахІлъунги ТІадегІанав Аллагьасул кашишлъунги. Ункъо парччахІасда тІад бергьенлъиги босун, рагъдаса тІадвуссун вачІунев вукІарав Ибрагьим аварагасда дандчІвай гьабуна Мелкицедекица ва дуда баркат лъегиян абуна. 2Цинги Ибрагьимица гьесие кьуна жиндир кинабго давлаялъул анцІил бутІа.
Цо бугони, Мелкицедек абураб цІаралъухъ балагьунги гьев ккола «ритІухъав парччахІ». КІиабизе бугони, гьев вукІана Салам улкаялъул парччахІ, ай «ракълил улкаялъул парччахІ». 3Гьесул я эмен вукІинчІо, я эбел йикІинчІо, я умумузул силсила гьечІо. Гьесул гІумруялъул я авал гьечІо, я ахир гьечІо, – Аллагьасул васго гІадин, гьевги ккола абадул-абадиялъего кашиш.
4Бихьулищ кигІан тІадегІанав чи гьев вукІаравали! Нилъер зурияталъулго эменлъун кколев машгьурав Ибрагьимица гьесие кьуна рагъда жиндиего щвараб давлаялъул анцІил бутІа. 5Кашишзабилъун лъугьунел Левийил наслуялъул гІадамазе Къануналъул амру буго халкъалъухъа, ай диналъул вацазухъа, анцІил бутІа босеян, гьел вацал Ибрагьимил зурияталъул ругониги. 6Дов Мелкицедек Левийил наслуялъул вукІинчІониги, гьес Ибрагьимихъа (Аллагьас рагІи кьурав чиясухъа!) анцІил бутІа босана ва дуда баркат лъегиян абуна. 7ТІадегІанасдасан гІодовегІанасе баркат щолеблъиялда щаклъизе бегьуларо. 8АнцІил бутІа бакІарулел кашишзаби ккола холел-унел гІадамал, амма анцІил бутІа босарав Мелкицедекил хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго гьев чІаго вугилан. 9Абизе бегьула Ибрагьимица анцІил бутІа кьолеб мехалда, жиндир наслуялъ анцІил бутІа бакІарулев Левийица жинцагоги кьун батилин гьебилан. 10Щайин абуни, дов Мелкицедек Ибрагьимида дандчІвараб мехалда жеги гьавун вукІинчІо Левий. Жиндир наслуялъул эмен Ибрагьимил чорхолъ вукІанин гьевилан абизе бегьула.
11Къануналъ рихьизарурал ишал Исраилил халкъалда гьоркьор тІуразарулел кашишзаби рукІана Левийил наслуялъул гІадамал. Гьел кашишзабаздалъун камиллъи щолеб букІарабани, цогидав кашиш, ай Гьарунил наслуялъул гурев, Мелкицедек гІадинав кашиш къваригІинароан. 12Кашишлъи хисулеб бугони, Къанунги хисизабизе ккола. 13Нижеца бицунеб бугев ТІадегІанав ГІиса цогидаб наслуялъул – къурбан хъолеб бакІалде ун кашишлъи гьабичІел гІадамазул наслуялъул вукІана. 14Нилъеда лъикІ лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса Ягьудал наслуялдаса вукІаравлъи. Кашишзабазул бицунаго, Мусаца гьеб наслу рехсон гьечІо.

 

Мелкицедекида релълъарав цІияв кашиш

 

15Гьеб иш дагьабги баянлъула Мелкицедекида релълъарав цІияв кашиш вачІун вукІин нилъеда бичІчІулеб бугони. 16Къануналда рекъон кашиш цо наслуялъул вукІине ккола, амма Къануналъ малъухъе гуро ГІиса кашишлъун тІамурав. Гьев кашишлъун тІамуна гьесулъ бугеб абадияб гІумруялъул къудраталдалъун. 17Гьесул хІакъалъулъ абун буго:
«Мун вуго абадул-абадиялъего кашиш,
Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин».
18Цо рахъ босани, Къануналъул цебе букІараб амру добегІан толеб буго гьеб загІипабги пайда гьечІебги бугелъул. 19Къануналъ щибниги камиллъизабичІелъулха! Цогидаб рахъ босани, нилъее рес кколеб буго Аллагьасде гІагарлъизарулеб лъикІаб жоялде хьул лъезе.
20Гьа гьедичІого тІубачІо гьеб иш. Цере кашишзабилъун лъугьаразе гьеб хъулухъ щвана гьаги гьедичІого, 21амма ГІиса кашишлъун лъугьана, Аллагьас гьесда гьадин абураб мехалда гьедараб гьаялдалъун:
«БетІергьан гьедана, мун абадул-абадиялъего кашиш вугилан. Жиндирго рагІи гьес хисизабуларо!»
22Гьединлъидал ГІиса вуго гьесде щвезегІан букІараб КъотІиялдаса лъикІаб КъотІи щвеялъе сабаблъун ккарав чи.
23Цебе заманалдаги гІемер рукІана кашишзаби, – гьел холел-унел рукІиналъ квалквал гьабулеб букІана Аллагьасе хъулухъалда хутІизе. 24Амма ГІисаца гьоркьоса къотІизе толеб гьечІо жиндирго кашишлъи, гьев абадиялъе чІаго вугелъул. 25Гьедин бугелъул, гьесда кІола жинда нахърилълъун Аллагьасде гІагарлъарал кидагоялъе хвасар гьаризе, – Аллагьасда цебе гьезие шапагІат гьабизе кидаго чІагояв вуго гьев.
26Гьеле гьединав бищунго кІудияв кашишин нилъее хІажалъун вукІарав: вацІцІадав, мунагь-хатІа гьечІев, чІегІераб тІанкІ лъечІев, мунагьазул цІураздаса ватІа гьавурав ва зобалаздасаги тІадехун восун арав. 27Цогидал бищунго кІудиял кашишзабазда релълъарав гьечІо гьев. Цин жиндирго мунагьал чуризе, хадуб халкъалъул мунагьал чуризеги щибаб къоялъ къурбан гьабизе кколаро гьес. Живго къурбанлъун лъугьун, гьес гьеб тІубазабуна цохІо нухалъ ва кидагоялъе. 28Мусал Къануналъ бищунго кІудиял кашишзабилъун тІамула камиллъи щвечІел гІадамал, амма Къануналдаса хадуб гьаги гьедун, рагІиги кьун, Аллагьас кашишлъун тІамуна абадул абадиялъего камилав кашишлъун лъугьарав жиндирго Вас.

 

8 бетІер

 

Аллагьас цІияб КъотІи гьабуна

 

1Гьале нижее гьанже абизе бокьараб жо: Къудратав Аллагьасул тахалъул кваранаб рахъалда зобалазда гІодов чІарав бищунго кІудияв кашиш вуго нилъер. 2Бищунго кІудияв кашишас гІадин, ГІисаца хъулухъ гьабулеб буго, инсанас гуреб, БетІергьанас чІвараб унго-унгояб чадиралъуб бугеб Мукъадасаб бакІалда.
3Бищунго кІудияв кашиш тІамула Аллагьасе къурбаналги сайигъаталги гьаризе. Нилъер бищунго кІудияв кашишасги гьединго цо щибниги жо къурбанлъун гьабизе кколеб букІана. 4Гьев ракьалда вукІаравани, кашишлъунцин вукІинароан. Ракьалда ругелъул Къануналда рекъон Аллагьасе къурбанал гьарулел кашишзаби. 5Гьез жаниб хъулухъ гьабулеб чадир ккола зобалазда бугеб мукъадасаб чадиралъул рагІадлъунги суратлъунги. Гьединго ккана Мусалги: Мусаца мукъадасаб чадир чІвазе кколеб букІараб мехалда, Аллагьас гьесда абуна: «Доба магІарда дуда бихьизабун букІараб зобалазул чадиралъул сураталда рекъон гьабе кинабго». 6Гьале гьанже ГІисае щвана кашишлъиялъул хъулухъ, – цере рукІарал кашишзабазулалдаса гІемерго тІадегІанаб. Гьединго тІадегІанаб буго Аллагьасдаги гьесул халкъалдаги гьоркьоб ГІисадалъун лъугьараб КъотІи. ЛъикІабщиналъе кьураб рагІул кьучІалда гьабураб бугелъул, цІакъго лъикІаб КъотІи буго гьеб.
7Доб тІоцебесеб къотІи камилаб букІарабани, кІиабизеги къотІи гьабизе ккелароан. 8ГІадамазда гІайиб чІвазе гІилла ккедал, Аллагьас гьадин абуна:
«ТІаде щолеб буго, – ян абулеб буго БетІергьанас, –
Исраилил халкъалъулгун ва Ягьудал халкъалъулгун дица цІияб къотІи гьабулеб заман.
9Доб къоялъ, квер ккун рачун, Мисриялдаса къватІире лъугьинарулаго, гьезул умумузулгун дица гьабун букІаралда релълъараб букІинаро гьеб КъотІи.
Гьабураб КъотІиялъе ритІухълъи цІуничІелъул, дица гьел рехун тана», – ян абулеб буго Аллагьас.
10«Гьале дица Исраилил халкъалъулгун хадусеб заманалъе КъотІи гьабулеб буго, – ян абулеб буго БетІергьанас.
Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила.
Гьезул ракІазда хъвала дица гьел.
Дун вукІина гьезул Аллагьлъун,
Гьел рукІина дир халкълъун.
11Гьезул лъицаниги мадугьаласе гІакълу кьеларо
Ва диналъул вацасдаги лъицаниги абиларо:
„Дурго БетІергьан щивали лъазаве“, – ян.
ГІисиназдаги чІахІияздаги –
киназдаго дун лъазе вугелъул!
12Гьезул мунагьаздаса дун тІасалъугьина,
гьезул гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо».
13ЦІияб КъотІиялъул бицунаго, Аллагьас доб тІоцебесеб КъотІи басралъизабулеб буго. Басралъарабщинабги херлъарабщинабги хехго хола, тІагІуна.

 

9 бетІер

 

Мукъадасаб Чадиралъул хІакъалъулъ

 

1ТІоцебесеб КъотІиялда рихьизарун рукІана Аллагьасе хъулухъ гьабизе ккеялъул бицунел амруял ва гьеб хъулухъ гьабиялъе ракьалда гІадамаз бараб бакІги. 2КъватІисебилан цІар лъураб чадирги чІван букІана. Чадиралъур рукІана чирахъги, столги, мукъадасаб чедги. Гьелда абулаан Мукъадасаб БакІилан. 3КІиабилеб пардавалда нахъа букІана Бищунго Мукъадасаб БакІилан цІар лъураб чадир. 4Гьениб жаниб букІана махІгьуинаб нахул кьеккен тІад гьабулеб меседил стол ва КъотІиялъул гъамас. Гьебги тІубанго меседалъ бацараб букІана. Гъансиниб букІана зобалаздасан рещтІараб нигІмат жаниб бугеб меседил гІорто, гъотІода тІад гІадин гІурччинаб тІамах бараб Гьарунил гІанса ва Аллагьасул амраби тІад хъвараб кІиго ганчІил къоноги.
5Гъансида тІад лъун рукІана Аллагьасул Нур гьениб букІиналъул гІаламатлъун кколел куркьбал ругел жанаваразул суратал. ГІадамазул мунагьал чуризе хъолеб къурбаналъул би тІаде чвахулеб бакІалда тІад рукІана гьезул куркьбал. Амма гьеб киналъулго хІакъалъулъ гьаниб мухІканго бицинчІониги гІела.
6Гьедин гьабун букІана гьениб кинабго. Кашишзаби щибаб къоялъ къватІисеб чадиралъуре лъугьуна жидедаго тІадал ишал тІуразаризе. 7Амма цохІо бищунго кІудияв кашиш лъагІалида жаниб цо нухалъ лъугьуна жанисеб чадиралъуве. Гьес гьенибе босула жиндирго мунагьал чуризе ва жидерго жагьиллъиялдалъун халкъалъ гьарурал мунагьал чуризеги Аллагьасе къурбанлъун бугеб би. 8Гьеб киналдалъунго Илагьияб РухІалъ нилъеда бихьизабулеб буго, гьеб къватІисеб Чадир бугебгІан заманаялъ, Бищунго Мукъадасаб БакІалде нилъее нуцІа къан букІин. 9Гьале гьанже бугеб заманалъул рахъалъ гьабураб ишарайин гьеб. Гьелъул магІнаги ккола Аллагьасе гьарурал сайигъатазги хІайванал къурбаналъе хъвеялъги гьеб къурбан жинца гьабурав чиясул намус бацІцІалъуларин ва гьев камиллъизавизе кІоларин абураб. 10Гьеб буго кванаялда, гьекъеялда ва чвердон черх бацІцІад гьабиялда хурхараб гІадат. Гьеб буго инсанасул рекІеда хъатІулареб амру. Аллагьас гьеб амруги гьабуна цІияб тІаде кьезегІан заманаялъе.

 

МасихІил биялъ мунагьал чурула

 

11МасихІ вачІун вуго бищунго кІудияв кашишлъун, гьес босун бачІана гьанже нилъехъе щвараб лъикІлъи. Гьес Аллагьасе хъулухъ гьабулеб Чадир доб цебегосеб Чадиралдаса гІемерго тІадегІанаб ва камилаб буго. ГІадамаз гьабураб гурелъул, гьаб дуниялалъулги гуро гьеб. 12Чадиралъусан ун, нилъ киназего гІоло цохІо нухалъ Бищунго Мукъадасаб БакІалде жаниве лъугьараб мехалда, гьес гьенибе босичІо дугІбузул яги бусбузул би. Гьес гьенибе босана жиндирго би, гьелдалъун абадиялъего гІадамазул мунагьал чуриги насиблъизабуна. 13Хъублъарал гІадамал дугІбузулги бусбузулги бидул тІирабаз ва бухІараб бачил рохъо тІаде щваялъ рацІцІалъулел ратани, 14кигІан цІакъдай гьел рацІцІалъила МасихІил биялъ. Абадияб Илагьияб РухІалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацІцІад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хІакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна.
15МасихІ вуго цІияб КъотІиялъе гьоркьохъан. Гьев сабаблъун Аллагьас жиндихъего ахІарал гІадамазе щвезе бегьула Аллагьас рагІи кьун букІараб абадияб ирс. Гьесул хвелалъ халкъ тархъанлъана тІоцебесеб КъотІиялъул заманалдаго гьез гьарун рукІарал мунагьаздаса.
16Васияталъул бицунаго, гьеб гьабурав чи хун вукІин чІезабизе ккола. 17Щайин абуни, васият цебе бахъизе бегьуларо гьеб хъварав чи чІаго вугевгІан заманаялъ, гІицІго гьев хун хадуб гурони васият тІубазабуларо.
18Гьединлъидалин доб тІоцебесеб КъотІигицин[2] биялдалъун тасдикъ гьабун букІараб. 19Цин Мусаца халкъалъе цІалун, гьезда лъазаруна Къануналда рукІарал киналго амруял. Цинги гьес бусбузулги дугІбузулги би лъимгун жубазабуна ва багІараб квасулкуналъ бухьараб, махІгьуинаб хъархъил гІаркьелалъ Къануналъул тІехьалдеги тІолалго гІадамаздеги тІираби щвезаруна гьеб бидул. 20Мусаца абуна: «Гьале нужеца тІубазабейилан Аллагьас амру гьабураб КъотІи щулалъизабулеб би». 21Мусаца гьединго бидул тІираби щвезаруна КъотІиялъул Чадиралде ва Аллагьасе хъулухъ гьабиялъе хІалтІизарулел киналго тІагІелаздеги. 22Къануналда рекъон, дагьал жал хутІизегІан, биялъ бацІцІалъула кинабгоги хъублъарабщинаб, би гІодобе тІечІони, мунагьаздасаги рацІцІалъуларо!
23Гьедин рацІцІалъизаризе кколел рукІана зобалазда ругезул гІицІго сипат-суратлъун кколел гьел жал. Амма зобалазда ругезе къваригІуна гІемерго лъикІаб къурбан. 24ГІадамаз гьабураб Мукъадасаб бакІалда жаниве гуро МасихІ лъугьарав. Гьебги буго унго-унгояб Мукъадасаб бакІалъул сипат-суратлъун. Гьев лъугьана жалго зобалазда жаниве, доба Аллагьасда цебе нилъее шапагІат тІалаб гьабизе. 25Жиндирго гуреб биги босун щибаб соналъ лъугьуна бищунго кІудияв кашиш Бищунго Мукъадасаб бакІалда жаниве. Амма МасихІица живго цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна. 26Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе. 27Кинавго чиясе къадар хъван буго цохІо нухалъ хвезе, гьелдаса хадуб гьесие Аллагьас судги гьабула. 28Гьединго МасихІицаги цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гІемеразул мунагьал чуризелъун. ГІадамал мунагьаздаса рацІцІад гьаризе гуро гьев кІиабизе вачІунев, жив вачІиналъухъ ралагьун чІарал чагІи хвасар гьаризейин.

 

10 бетІер

 

1Къанун – хІакъаб лъикІлъи гуро, гьеб ккола Аллагьасдасан бачІине бугеб лъикІлъиялъул рагІад. Щибаб лъагІалидаса лъагІалиде, хисиго гьечІого, цого тайпаялъул къурбанал гьарула Аллагьасе. Гьединал къурбаназдалъун Къануналда кІвелищ Аллагьасухъе рачІунел гІадамал камиллъизаризе? 2Аллагьасе къурбанал гьарулел гІадамал хІакъикъаталдаги жидерго мунагьаздаса рацІцІалъулелани, тІокІалъ гьезул рекІелъе лъугьинароан жал мунагьалъукь ругилан абураб пикру. Гьебмехалда киналгІаги къурбаналги гьаричІого телаан. 3Амма щибаб лъагІалидаса лъагІалиде къурбанал гьарула, гьелдалъун гІадамазда жидерго мунагьалги ракІалде щола. 4Щайин абуни, бусбузулги дугІбузулги биялда кІоларо мунагьал чуризе.
5Гьединлъидал, МасихІ дуниялалде вачІине кколеб заманалда, гьес Аллагьасда абуна:
«Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги.
Дуца къачІана дие черхги.
6Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги.
7Хадуб дица абуна: „Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго, дир хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван бугеб куцалда дур амру тІубазабизе“».
8Цин гьес абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги» ва «Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, гьединго мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги». Гьес гьедин абуна гьел къурбаназул хІакъалъулъ Къануналда хъван бугониги. 9Цинги абуна гьес: «Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго дур амру тІубазабизе». Гьедин цебехун абураб МасихІица добегІан толеб буго, кІиабизе абурабги гьелъул бакІалда лъолеб буго. 10ГІиса МасихІица Аллагьасул амру тІубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацІцІалъана, киназего гІоло цохІо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун.
11Щивав кашишас щибаб къоялъ Аллагьасе хъулухъ гьабула ва цоцазда релълъарал, амма жидедалъун мунагьал чуруларел къурбаналги гІемер гьарула. 12МасихІицани цохІо нухалъ гьабуна абадиялъго мунагьал чуризе кІолеб къурбан, Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодовги чІана. 13Гьев гьенив вукІуна Аллагьас «гьесул тушбаби гьесул хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан». 14Гьедин цохІо къурбаналдалъун гьес абадул-абадиялъего камиллъизаруна жинцаго мунагьаздаса рацІцІалъизарурал гІадамал.
15Илагьияб РухІалъги нугІлъи гьабула гьелъие. Цин, гьелъ абулеб буго:
16«Гьале бачІунеб заманалда дица гьезулгун гьабизе бугеб КъотІи, – ян абулеб буго БетІергьанас.
– Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила.
Гьезул ракІазда хъвала дица гьел».
17Цинги абулеб буго:
«Гьезул мунагьги гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо».
18Аллагь мунагьазда тІасалъугьунев вугони, гьездаса рацІцІалъизе гІоло гьарулел къурбанал тІокІалъ къваригІунаро.

 

Нилъ Аллагьасде гІагарлъулел руго

 

19Гьединлъидал, вацал, ГІисал би гІодобе тІей сабаблъун, махІги хІинкъичІого лъугьине бегьула нилъ Бищунго Мукъадасаб бакІалда жанире. 20Гьелъул пардавалда гьоркьосан гьес нилъеда бихьизабуна абадияб гІумруялде рачунеб цІияб нух. Гьеб пардав ккола гьесул черх. 21Аллагьасул минаялъуб хъулухъ гьабизе тІамурав чилъун гьединав бищунго кІудияв кашиш вугелъулин, 22ракІ-ракІалъулаб ва щулияб божи-имангун, намусалдаса хъубаб тІанкІги бацІцІад гьабун ва бацІцІадаб лъадаца чурхдулги чурун, нилъ Аллагьасде гІагарлъулел ругел. 23Щулаго кквелин нилъеца гьеб нилъ божун ругеб хьул, – нилъее рагІи кьурав Аллагьасда божизе бегьулелъулха. 24ХІаракат бахъилин цоцаздехун рекІелъ рокьи цІунизе ва цоцазе лъикІлъи гьабизе. 25Цо-цояз рехун толеб гІадин, нилъеца рехун теларин цоцазда аскІоре данделъулеб гІадат. ТІадегІанав вачІунеб Къо гІагарлъулеб букІин бихьанагІан, цІикІкІун ракІбатизабилин цоцазул.
26ХІакъабщинаб лъан хадубги бокьун-разилъун нилъеца мунагьал гьаруни, гьел нилъеда тІаса ккезарулел къурбанал рукІунареблъи лъай. 27Амма Аллагьасда дандечІаразе гІасияб тамихІ букІине буго, гьел кІкІунеб цІадул бухІиги цІикІкІараб буго. 28Мусал Къанун цІуничІого такъсир гьабурав чи расги гурхІичІого чІвала, кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи бугони. 29Аллагьасул вас гІад-хочІ гьавурав чиясе кинаб тамихІдай букІина? Жив мунагьалдаса вацІцІад гьавураб ва илагьияб КъотІи щулалъизабураб бидул багьа учузлъизабурасе кинабдай букІина? Илагьияб РухІалдасан бачІунеб баркат инжит-хІакъир гьабулесе кинабдай букІина? Нужецаго пикру гьабе гьединал такъсиразухъ тамихІ кигІан цІикІкІараб букІинебали! 30Нилъеда лъала Аллагьас гьадин абураблъи: «Дицайин къисас босулеб, дир ишин гьеб рецІел боси», цогиги: «БетІергьанас жиндирго халкъалъе суд гьабила». 31ЦІакъ хІинкъизе ккараб иш буго хІакъав Аллагьасда цеве чІей!
32Цебесеб заман ракІалде щвезабе: Аллагьасул Нур нужеда тІад къалъарал къоязда гІемераб гІазаб-гІакъуба баччана нужеца. 33Цо заман букІана нуж халкъалда цере рачун инжит-хІакъир гьарулеб. Цоги заман букІана гьедин гІазабалда ругезул нужеца тІалаб гьабулеб. 34Туснахъалда ругездаги гурхІана. Нужер боцІи-бечелъи бикъа-хъамулеб мехалъги роха-хинлъун рукІана. Нужеда лъалеб букІиндалха кодоса бахъизе кІолареб, цІакъго лъикІаб бечелъи нужер бугеблъи. 35Гьединаб ракІчІеялдаса махІрумлъизе рукІунге, гьелдалъун нужее кІудияб кири щола. 36Нужее сабру къваригІуна Аллагьасул амру тІубазабизе, нужеца сабру гьабе гьес кьураб рагІи тІубазегІанги.
37ТІухьдузда хъван буго:
«Цодагьабго заман индал вачІина дов вачІине кколев чи.
Гьев кватІизе гьечІо.
38Дие ритІухъавщинав чи, дида божун чІани, чІаго хутІила.
Гьев нахъе къачІони,
дун гьесдаса разилъила».
39Нахъе къалел ва нухдаса тарулел чагІи гуро нилъ. Нилъер рекІелъ божи-иман буго, нилъ хвасарлъизеги руго.

 

11 бетІер

 

«Божи-иман рекІелъ букІиндалин...»

 

1Божи-иман ккола нилъеца хьул гьабулелда ракІчІей ва нилъеда бихьулареб жо хІакъаб букІин чІезабиги. 2Цебе заманалдаги божи-иман бугел гІадамаздасайин Аллагь разилъулев вукІарав.
3Божи-иманалдалъунин нилъеда бичІчІулеб гьаб дуниял Аллагьасул рагІудалъун бижараб букІин, гьедин бихьуларелдасан бихьулебаб лъугьун букІин.
4Божи-иманалъин Гьабилида малъараб Аллагьасе кьезе Къабилилалдаса лъикІаб къурбан. Гьесулъ божи-иман букІиналъин ритІухъав чи вугилан Аллагь гьесдаса разилъарав, Аллагьас жинцаго къабул гьабуна гьесул къурбанги. Гьев хвана, амма божи-иманалдалъун гьес гьабураб иш гьанжеги нилъедехун кІалъалеб буго.
5Божи-иман рекІелъ букІиндалин, хвел бихьизе биччачІого, Аллагьас Гьенох зобалазде восарав. Гьев тІагІанин, Аллагьас гьев жиндихъего вачанин, Аллагьас жиндихъего вачиналде, Аллагьасе бокьухъе тІамунин гьес гІумруйилан хъван буго. 6Божи-иман гьечІони, лъиданиги кІоларо Аллагьасе бокьараб гьабизе. Аллагьасухъе вачІунев чи божизе ккола Аллагь вукІиналда ва жив валагьизе лъугьарасе гьесдасан шапакъат щолеблъиялда.
7Божи-иман рекІелъ букІиндалин, жеги рихьизе рес гьечІел лъугьа-бахъинал ккезе ругилан лъазабураб мехалъ, НухІ авараг Аллагьасухъ гІенеккарав ва жиндирго рукъалъул агьлу хвасарлъизе гама гьабураб. НухІил божи-иманалдалъун загьирлъана дуниял-гІаламалъулго гІайиб, живгойин абуни Аллагьасда цеве ритІухълъана. Божи-иманалдалъун насиблъана гьесие гьеб.
8Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьим Аллагьасе мутІигІлъарав, гьесие ирсалъе щвезе кколеб ракьалде айилан ахІараб мехалда. Киве унев вугевали лъачІониги, ана гьев. 9Божи-иман рекІелъ букІунин гьес апараглъун яшав гьабураб, Аллагьас жиндие кьезе къотІи гьабураб ракьалда. Гьесдаго цадахъ Аллагьас жидее къотІи гьабурал ИсхІакъицагиЯкъубицаги гІадин, чадразухъ чІун гьабуна гьес гІумру. 10Гьев балагьун чІун вукІана Аллагьас щулияб кьучІалда тІад къадал гьарун жиндие абадияб шагьар кьезегІан.
11Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьимие, цІакъго херлъун вугониги, эменлъун вахъине рес ккараб. Саратги йикІана лъимер гьабулеб гІужалдаса арай гІадан. Гьев божана Аллагьас кьураб рагІи тІубазе букІиналда. 12Гьедин хабалъе бох бортарав цохІо чиясдасан лъугьана цІакъ гІемерал наслаби, – зодихъ цІваби рикІкІун бажарулареб гІадин, ралъдал рагІалда сали рикІкІун бажарулареб гІадин, рикІкІун бажаруларел наслаби.
13Гьел киналго гІадамал хвана Аллагьасде божи-имангун. Гьезие щун букІинчІо Аллагьас къотІи гьабураб жо, амма рикІкІадасанго гІадин бихьулеб букІана къотІи тІубазе бугеблъи ва гьелдаса рохулаан. Гьаб дуниялалда гьез жалго рикІкІунаан апарагзабилъун ва къватІире гъурал гІадамаллъун. 14Гьедин жидерго рахъалъ абулеб бугони, гьелъул магІна ккола гьел гІадамаз жидеего ватІан балагьулеб букІин. 15Жидеца рехун тараб улкаялъухъ урхъун гьел рукІаралани, доре тІадруссине рес ккелаан гьезие. 16Амма гьел урхъун рукІана зобалазда бугеб цІакъго лъикІаб улкаялъухъ. Гьединлъидал Аллагь намуслъуларо жив гьезул Аллагь вугилан абизе. Гьес гьезие шагьар бан буго.
17Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Аллагьас жиндир хІалбихьараб мехалда, жиндирго вас ИсхІакъ Ибрагьимица къурбаналъе хъвезехъин вукІарав. Ибрагьим вукІана Аллагьас жиндие къотІи гьабурав чи. Амма цохІо вугев вас къурбаналъе хъвезе къачІан вукІана гьев. 18Аллагьас гьесда абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб». 19Ибрагьим божун вукІана Аллагьасда хваралги чІаголъизаризе кІолеблъиялда. Абизе бегьула, хІакъикъаталдаги хваралъуса вахъинавун нахъе щванин гьесие жиндирго вас абун.
20Божи-иман рекІелъ букІиндалин ИсхІакъица гьарараб хадубккун заманалда Якъубидаги ГІисидаги баркат лъегийилан. 21Божи-иман рекІелъ букІиндалин живго хвелалде Якъубица гьарараб Юсупил кІиявго васасда баркат лъегиян. ГІонсоде ккун херлъун вугеб мехалда Аллагьасе рецц гьабуна гьес.
22Божи-иман рекІелъ букІиндалин живго хвелалде цебе Юсупица бицараб Исраилил халкъ цо заманалдасан Мисриялдаса къватІибе лъугьине бугилан. Цинги гьес бицун тана жиндир жаназаялда щиб гьабилебалиги.
23Божи-иман рекІелъ букІиндалин, гьавуралдаса лъабго моцІ инегІан, эбел-инсуца Муса вахчарав. ЦІакъго гьайбатав вас гьев вукІин бихьидал, гьел хІинкъичІо пиргІавнасул амру тІубазабичІого тезе.
24Божи-иман рекІелъ букІиндалин кІудияв гІураб мехалъ Мусае бокьичІеб пиргІавнасул ясалъул вас вугин живилан абизе. 25Гьесул рекІее къабуллъана, панадуниялалъул мунагь-хІакъ гІемераб рохелалдаса инкарги гьабун, Аллагьас тІаса бищараб халкъалда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе. 26Гьес рикІкІана Мисриялъул тІолабго хазинаялдасаги хирияб бугин Аллагьас витІизе вугев МасихІие гІоло гІазаб-гІакъуба хІехьей. Щайин абуни, гьесул рекІелъ букІана шапакъат щвеялде хьул.
27Божи-иман рекІелъ букІиндалин, пиргІавнасул ццидадаса хІинкъичІого, Мусаца Мисри рехун тараб. Дов Вихьуларев жинда вихьулев вугев гІадин, къуркьизе-кьуризе бокьичІо гьесие. 28Божи-иман рекІелъ букІиндалин гьес Пасхаялъул байрам чІезабураб ва щибаб рукъалъул рагьумахІуялда бидул гІужги гьабураб, – Исраилил халкъалъул хъизаназе тІоцере гьарурал васазул рухІ хвалил малаикас бахъичІого букІине.
29Божи-иман рекІелъ букІиндалин Исраилил халкъалда, бакъвараб нухдасан унел ругел гІадин, БагІараб ралъад бахине кІвараб. Мисриялъулалги лъугьана гьенисан инейилан, амма ралъдалъ гъанкъун хвана.
30Божи-иманалъ риххизаруна Иерихоналъул щулиял къадал, исраилилал анкьго къоялъ гьеб шагьаралда сверун хьвадараб заманалда[3].
31Божи-иман рекІелъ букІиндалин Рагьаб абулей хъахІба дол Аллагьасе мукІурлъичІезда цадахъ хвечІого хутІарай. Гьелъ лъикІаб гьоболлъи гьабуна балъго Иерихоналде рачІарал исраилилазе[4].
32Дагьабги бицине ккелищ? Дир заман гІеларо Гидеонил, Баракил, Шамшунил, Ифтахил, Давудил, Шамуилил, киналго аварагзабазул хІакъалъулъ бицине.
33Божи-иманалдалъун улкаби кверде росана гьез,
ритІухъаб суд гьабуна,
Аллагьас къотІи гьабурабги щвана,
гъалбацІазул кІалдиса давла бахъана,
34гьалагал цІаял свинаруна,
хвалчадул балалдаса хвасарлъана,
загІипал рукІаниги, къуваталлъун лъугьана;
чияр улкабазул боял къезарун,
рагъда бахІарчилъи бихьизабуна.
35Божи-иман рекІелъ букІиндалин хварал гІагарал чагІи руччабазухъе нахъе щварал.
ЛъикІаб гІумру бачІараб мехалъ чІаголъизе бокьун, цо-цояз инкар гьабулаан эркенлъи-тархъанлъиялдаса, гІазаб-гІакъуба хІехьон холаан гьел. 36Цо-цоязе кутакаб къварилъи гьабулеб букІана, цІалаца рухулел рукІана; цо-цоялин абуни, маххалги ран, гвандинир тІамулел рукІана. 37ГанчІал речІчІунги чІвана гьел, хъухъадироялъ кІийидеги хъухъана гьел, хвалчаца бутІрулги къотІана гьезул. ТІохьолги цІакилги ратІлилъ хьвадана гьел пакъирлъиги, къварилъиги, гІазаб-гІакъубаги хІехьезе ккарал гІадамал. 38ТІолабго дуниял-гІаламалдаса хириял гІадамал гІицІал авлахъаздаги мугІруздаги тирулел хутІана, нохъазда ва ракьулъ рахъарал гвендазда жанир рахчун.
39Божи-иман гьезул рекІелъ букІиндал Аллагь разилъана гьел киназдасаго. Амма жеги гьезие щвечІо Аллагьас къотІи гьабун букІараб жо. 40Щайин абуни, нилъее даража цІикІкІиналъе, Аллагьас хІукму гьабун буго, – гьесие бокьун буго гІицІго нилъеда цадахъ гьел гІадамал камиллъизе.

 

12 бетІер

 

Аллагьасул гІадлуялъул хІакъалъулъ

 

1Гьанже гьанир нугІзал накІкІалгІан гІемерлъун ругелъул, нухда батарабщинаб гамачІги нахъе рехун, нилъеда хурхине лъугьанщинаб мунагь-хатІаги батІалъизабун, сабруялда рекерилин, цебе бугеб манзил лъугІизегІан. 2Авалалдаса ахиралде щвезегІан нилъер божи-иманалъул аслу-кьучІлъун вугев ГІисахъ ралагьилин. Жиндие насиблъизе бугеб рохалие гІоло, инжитлъи-хІакъирлъиги гІадахъ босичІого, хъанчида вараб хвел хІехьана гьес ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана.
3Мунагьал ругезул рахъалдасан гьединаб рокьукълъи хІехьарав гьесул гьабе нужеца пикру. Гьедин нужги загІиплъизе бегьуларо, къуркьизе бегьуларо. 4Мунагьазда данде рагъулаго нуж жеги щвечІо нужерго би гІодобе тІолеб даражаялде. 5Нужер ракІбатизабизе, лъималаздехун гІадин, Аллагьас нужеда абурал гьадинал рагІаби кІочон таралищ:
«БетІергьанасул малъа-хъвай гІадахъ босичІого тоге, дир вас,
гьес дуе гІадлу гьабулеб мехалъ пашманлъуге мун.
6Жиндиего вокьулесейин Аллагьас гІадлу гьабулеб,
вас гІадин къабул гьавурасдайин гьес кьабулеб».
7Нужее гьабулеб гІазаб-гІакъуба нужеца, гІадлулъун рикІкІун, хІехье. Лъималаздехун гІадин валагьулев вуго Аллагь нужехъ. Инсуца гІадлу гьабичІев вас цониги вукІанадай? 8Киналго васазе букІунеб гІадинаб гІадлу нужее гьабулеб гьечІони, гьелъул магІна буго васал кколарин, къватІулъа жал кколин абураб. 9Умумуз нилъее гІадлу гьабуна, нилъеца гьезул адаб-хъатирги гьабуна. Абадияб гІумру насиблъизе гІоло, кигІан цІикІкІунха нилъ Аллагьасе, рухІазул бетІергьанасе, мутІигІал рукІине кколел! 10Умумуз жидедаго лъикІ бихьухъе дагьабго заманалда гІадлу гьабуна нилъее. Амма Аллагьас гІадлу гьабула нилъее лъикІлъиялъе, жиндир вацІцІалъиялъул бутІа нилъееги щвезе гІоло. 11ГІадлуялъ цо дагьабго заманалда рохизе гуро гьарулел, пашманлъизейин, гьеб гІадлуялъ малъухъе хьвадаразе нахъа шапакъатлъун щола сах-саламалъиги ритІухъаб гІумруги.

 

БитІараб нухдасан хьваде!

 

12Нужер свакарал кверазулъе къуват бачІинабе ва сородулел бохдулги щулаго чІезаре! 13БитІараб нухдасан хьваде нуж, нужер рекъал бохдул къуркьунгутІизе. Сахлъаги гьел! 14Киналго гІадамалгун ракълида рукІине хІаракат бахъе. РацІцІадго хьваде, вацІцІадго хьвадуларесда ТІадегІанав вихьуларевин. 15Вореха Аллагьасул баркаталъул нухдаса къосине гурин нуж. Нужер цонигияв лъугьине гурин гІемерав чиясе зарал гьабулеб загьруяб ва кьогІаб херлъун. 16Нужер цонигияв лъугьине гурин ГІис гІадинав хъахІбаяб гІамал бугевлъун яги божи-иман гьечІевлъун. КІудияв васлъун вижиялъул даража гьес бичана цохІо нухалъ кванараб кванихъ. 17Нужеда лъала цинги гьесие бокьун букІараблъи инсудасан баркат щвезе, амма щвечІо. Бадиса магІу чвахулаго гІамал гьабуниги, гьеб жиндихъаго ккараб гъалатІ битІизабун бажаричІо гьесухъа.
18Инсанасул беразда бихьулелде гуро нуж гІагарлъун ругел. Синай магІарда букІараб цІаялдеги, бецІлъиялдеги, накІкІалдеги, гьалагаб гьуриялдеги гуро гІагарлъун ругел. 19Доб мехалда рагІулеб букІана ссуралъубе пулеб гІадинаб сас. Цинги цо гьаракь бахъана – абулел рукІана тІокІаб жидеда рагІугегиян гІадамал гьардезе лъугьарал рагІаби. 20«ХІатта хІайвангицин гьаб магІарде бачІани, ганчІал речІчІун чІвазе ккола», – ян абурал рагІаби рекІелъе риччазе кІолеб букІинчІо гьезда. 21Мусацацин абуна: «Дун хІинкъун сородулев вуго!» – ян. ГьедигІанги гІасияб лъугьа-бахъин букІана гьеб.
22Амма нуж гІагарлъун руго Цион мегІералде, хІакъав Аллагьасул шагьаралде, рикІкІун хІалкІоларел малаикзабазул руккелал байрамалде данделъулеб зобалазулаб Иерусалималде, 23Аллагьасе тІоцере гьарурал васаллъун ругел, жидер цІарал зобалазда хъварал гІадамазул данделъиялде, киназего суд гьабулев Аллагьасде, камиллъи щварал вализабазул рухІазде. 24ГІагарлъун руго цІияб КъотІиялъул гьоркьохъанлъун лъугьарав ГІисаде, ракьалде тІураб гьесул биялде. Гьабилил биялъалдасаги цІикІкІараб баркат рещтІинабилин рагІи кьолеб буго гьелъ.
25Воре, нужеца инкар гьабуге Аллагьасул рагІиялдалъун кІалъалев чиясдаса. Дуниялалда гІадамал кантІизарулесухъ гІенеккизе инкар гьабурал чагІазда хвасарлъизе кІвечІо. Зобалаздасан кІалъалесухъ гІенеккичІони, нилъ хвасарлъизего хвасарлъиларо. 26Доб мехалда гьесул гьаркьица ракь гьаргьадизабуна, гьанже гьес рагІи кьуна: «Цоги нухалъ дица, ракь гуребги, зобги гьаргьадизабила», – ян. 27Гьаргьадулареб жо нахъе хутІизелъун, гьаргьадулебаб, ай бижун букІарабаб, тІубанго тІагІинин абураб магІна буго гьеб «цоги нухалъ» абураб калимаялъул.
28Аллагьасе рецц гьабилин гьаргьадулареб ПарччахІлъи нилъее щвезе бугелъул. Гьев разияб нухдасан хьвадун, намусадго ва хІинкъадго хъулухъ гьабилин нилъер Аллагьасе. 29Кинабго бухІун-къвагъун рехулеб цІадуда релълъуна Аллагь!

 

13 бетІер

 

Аллагь разилъиялде рачунеб нух

 

1Вацал гІадин цоцазе рокьулеб гІадат гІодобе рехуге нужеца. 2Нухлулазе гьоболлъи гьабичІого тоге – жидедагоцин лъачІого цо-цояз малаикзаби ратана рокъоре рачун. 3Туснахъалда ругелги кІочон тоге, нужго гьезда цадахъ гьенир рукІарал гІадин. Унта-щокълъиялъ гІазаб кьолеб бугелги кІочон тоге, нужго гьелъ кІвекІулел ругел гІадин.
4Киназго адаб гьабизе ккола ригьнал. Рос-лъадиги цоцазе хилиплъизе бегьуларо. Саяхъаб ва хъахІбаяб умматалъе Аллагьас гьабила суд. 5ГІарцуде бугеб рокьиялъул лагъзаллъун лъугьине гурин, бугелда разилъун чІа. Аллагьасги абун бугелъул: «Киданиги дица мун рехун теларо ва гІодов ккезеги виччаларо». 6Гьединлъидал нилъеца расги хІинкъичІого абизе бегьула:
«БетІергьанас дие квербакъула,
Дун сундасаниги хІинкъуларо».

 

«Инсанасда кІолебищ дие зарал гьабизе?»

 

7Нужеда Аллагьасул рагІи малъарал ва бетІерлъи гьабулел гІадамал ракІалде щвезаре. Гьезул гІумруялъулги хвалилги пикру гьабе ва гьезул божи-иманалдаса мисал босе. 8Сонги, жакъаги, абадул-абадиялъги хиси гьечІев вуго ГІиса МасихІ! 9БатІи-батІиял чияр гІелмабаз нужго къосинаризе риччаге. Аллагьасул баркаталдалъун нужер ракІал къвакІизаруни, лъикІ букІина. Кванил рахъалъ батІи-батІиял рихьизариял тІуразаризе малъулел ва лъиениги пайда бахинчІел гІелмабаз ракІал къвакІизаруларо.
10Нилъеца къурбаналъе къачІараб бакІалдаса гьан кваназе бегьуларо жугьутІазул къурбан хъолеб бакІалъул кашишзабазе. 11Бищунго кІудияв кашишас би босун уна Бищунго Мукъадасаб бакІалде – мунагьал чуризелъун гьеб Аллагьасе кьезе. Гьел хІайваназул къулагІаби росдадаса яги шагьаралдаса къватІирехун рухІула. 12Гьединго ГІисаги хвана шагьаралдаса къватІивехун, жиндирго биялдалъун гІадамазул мунагьал чуризе. 13Гьединлъидал гьесда хадур къватІирехун рилълъинин нилъги, гьес хІехьараб инжитлъи-хІакъирлъиялъул бутІа щвезе! 14Гьаб ракьалда гьечІо нилъ кидаго чІолеб шагьар. Нилъер хьул буго зобалаздасан рещтІине бугеб шагьаралде рорчІилилан. 15ГІисал цІар рехсон Аллагьасе рецц гьабилин, – гьеб буго нилъер къурбан. Гьеб къурбан Аллагьасухъе щола щибаб нухалъ ГІисал цІар рехсараб кІалдисан. 16Цоцазе лъикІлъи гьабичІого тоге, нужер бугебги цоцазе кье, – гьебги Аллагь разилъулеб къурбанин кколеб.
17Нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезухъ гІинтІаме ва гьезие мутІигІлъе, кидаго рорчІуда чІун нужер рухІал цІунула гьез ва Аллагьасе гьабураб хъулухъалъул жавабги кьола. Биччанте гьез гьеб, угьдилаго-зигардилаго гуреб (гьелъул нужее пайда гьечІо), рохуца холаго гьабизе.
18Нижги дугІадулъ рехсе. Нижер ракІчІун буго нижер намус бацІцІад букІиналда. Кидагоги ритІухъго хьвадизелъидал ниж къеркьолел ругел. 19Дица кутакалда гьарулеб буго нужеда, Аллагьасда гьарейин хехгого дун гьанжеги нужехъе витІейилан.

 

Гьари-дугІа

 

20Абадияб КъотІиялъул биялдалъун нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, гІиял рехъеналъул кІудияв вехь, хваралъуса вахъинавурав ва рекъел рещтІинабурав Аллагьас нужее 21щвезабеги гьесул амру тІубазе къваригІунебщинаб лъикІлъи. ГІиса МасихІица квербакъаги нужее Аллагь разилъулебщинаб тІубазабизе. МасихІие абадияб-даимаб рецц! Амин.

 

Кагътил ахир

 

22Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, гьаб дир гІемерго халалъичІеб кагътида хъвараб насихІаталъухъ сабурго гІенеккеян. 23Нилъер вац Тимофей туснахъалдаса къватІиве виччан вуго. Хехгого гьаниве щвани, гьевги цадахъ вачина нужехъе вачІунеб мехалъ. 24Салам бице нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезда ва тІолабго Аллагьасул халкъалда. Италиялдаса вацазулги буго нужеде салам.
25Аллагьасул баркат лъеги нужеда киназдаго.

 

 

Якъубил кагъат

Якъуб чапарасул гьаб кагътида руго гІемерал насихІатал ва гІакъилал калимаби. Гьев Якъуб вукІана ГІиса МасихІил вац. Гьес бетІерлъи гьабулеб букІана Иерусалималъул иман лъуразул жамагІаталъе. Кагътил аслияб мурад буго божи-иман лъикІал ишаздалъун, сабруялдалъун ва мискиназул тІалаб-агъаз гьабиялдалъун щулалъулин, камиллъулин бичІчІизаби.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1Аллагьасулги ТІадегІанав ГІиса МасихІилги лагъ Якъубил салам буго батІи-батІияб ракьалда рикь-рикьун ругел ва Аллагьасул халкълъун лъугьарал киналго гІадамазде.

 

ХІалбихьиги сабруги

 

2ЗахІмалъи хІехьезе кІолищали батІи-батІияб къагІидаялъ нужер хІалбихьулеб бугони, гьеб нужеца кІудияб рохеллъун рикІкІе, диналъул вацал. 3Божи-иман щулияб бугищали хІалбихьиялъ сабру бижизабулеблъи лъала нужеда. 4Биччанте сабруялъ нужее кумек гьабизе нужго камиллъизеги, щибго гІунгутІи гьечІеллъун, тІубанго камилаллъун лъугьинеги.
5Нужеда гьоркьоса лъилниги гІакъиллъи гІолеб гьечІони, бадибчІвай гьабичІого, киназего гьеб гьарзаго кьолев Аллагьасда гьаре, Аллагьас кьела гьесие гьеб. 6Амма гьеб гьарулев чи, щибго щаклъи гьечІого, божизе ккола. Щакдарулев чи релълъуна гьороца рахъ-рахъалде гьелчезабулеб ралъдал карачелалда. 7-8Гьединлъидал цо хІал кколарев ва сундулъго тавакал гьечІев чияс хьул гьабуге Аллагьас жиндие щибниги кьелилан.
9Я вацал, гІодовегІан вугев чІухІизе виччанте, Аллагьасда цеве гьев тІадегІанав вугелъул. 10Бечедасдаги лъазе биччанте Аллагьасда цеве гІодовегІанав вугевлъи, – харилъ тІегь гІадин вечІазе вуго гьев. 11Бакъ къалъуде бахуна, бухІи цІикІкІуна, бухІараб гьури пула, хер бакъвала, гьелъул тІегь гъенон уна ва тІогьол тІолабго гьайбатлъиги хола. Жиндирго ишазде вуссун вукІаго вечІала бечедав чиги.
12Гьардарав гуревдай, сундалъун жиндир хІалбихьаниги, сабруялда гьеб хІехьолев чи. Гьеб хІехьон хадуб гьесие щвела жиндиего рокьулезе Аллагьас къачІан бугеб шапакъат – абадияб гІумру. 13Сундалъунниги гьесул хІалбихьулеб бугони, инсанас абизе бегьиларо Аллагьас жиндир хІалбихьулеб бугилан. Лъилниги квешлъиялъ Аллагьасул хІалбихьулареб гІадин, гьесги щивниги къосинавизе хІалбихьуларо. 14Амма инсан къосуна, жиндирго квешал къасдаз хадув цІан, къориниве ккезавидал. 15Цинги гьеб квешаб къасд къинлъун, мунагь гьабула, гьеб мунагь цІубараб мехалъ – хвел бижула. 16Нужго нужецаго гуккуге, дир хириял вацал! 17Зодихъ бакъ-моцІги цІвабиги рижарав, амма живго хисуларев ва жинда бецІлъи хъатІуларев Аллагьасдасан лъикІаб гурони рещтІунаро, гІадамазе щолебщинаб камилаб сайигъатги гьесдасан рещтІараб буго. 18Жиндиего бокьун гьес нилъ хІакъаб рагІудалъун цІидасан рижизаруна. Абизе бегьула жинцаго бижанщиналъул тІоцебесеб рижилъун нилъ лъугьине бокьун гьабунин гьес гьединилан.

 

РагІухъ гІенеккарал гІоларо, гьеб тІубазабизеги ккола

 

19Нужеда лъай, дир хириял вацал, щивав чи гІенеккизе хехавлъун, бицине хІинцавлъун, ццин бахъинеги хІинцавлъун вукІине кколевлъи. 20Ццидахун вугев чиясда кІоларо Аллагьас ритІухъаблъун рикІкІунеб гІамал цІунизе. 21Гьединлъидал кинабгоги хъублъи ва нужелъ хутІараб ццидал асар гІодобе рехе. Нуж хвасар гьаризе хІалкІолъи бугев Аллагьас нужер рекІелъе рещтІинабураб рагІи хІеренго къабул гьабе. 22Гьеб рагІухъ гІенеккарал гІоларо, гьеб тІубазабизеги ккола, гурони – нужго нужецаго гуккулел чагІилъун лъугьуна нуж. 23РагІухъ гІенеккулев, амма гьеб тІубазабуларев чи релълъуна живго кинав вугевали матІуялъусан вихьарав чиясда. 24МатІуялда цевеса нахъе аравго кІочон тола гьесда живго кинав вугевали. 25Камилаб къануналъул – инсан эркенлъизавулеб къануналъул – матІуялъуве валагьун, гьеб къанун тавакалго цІунулев ва рагІарабщинабги кІочон течІого тІубазабулев чияс щиб гьабулеб бугониги, Аллагьас гьесда баркат лъела.
26Живго муъминчи вугин рикІкІунев, амма мацІалда чангит баларев чияс живго жинцаго гуккулев вуго, ва гьесул иман пайда гьечІеб буго. 27Нилъер Эмен Аллагьасда цебе хъублъиялъул тІанкІго гьечІеб, тІубанго бацІцІадаб иман ккола къваридго ругел бесдалазе ва къоролзабазе кумек гьабиги дуниялалда бугеб квешлъиялдаса рикІкІалъиги.

 

2 бетІер

 

Чи ватІа гьавизе бегьуларо

 

1Я дир вацал, нилъер машгьурлъарав ТІадегІанасде – ГІиса МасихІиде иман лъурал нужеца чи ватІа гьавизе бегьуларо. 2Масала, нужер данделъиялде вачІана лъикІго ретІа-къарав, меседил баргъичалги рарав чи ва басриябго ратІлилъ мискинчиги вачІана. 3Нужеца адаб-хъатир гьабула чІухІараб ратІлилъ вугесул, гьале гьанив рахІаталда гІодов чІайилан абула гьесда. Мискинасда абула доле дова гІодов чІайилан яги гьанив дир хІатІазда цеве гІодов чІайилан. 4Гьедин нужедаго гьоркьоб рикьи ккезабулеб гьечІищ нужеца? ЦІахъа-рахъай гьабулев къадиясда релълъунел гьечІищ нуж? 5ГІенеккея, дир хириял вацал! ГІаламалъго мискиналлъун рикІкІунелал гурищ Аллагьас тІаса рищун ругел, иманалъ гьел бечелъизе ва жиндие рокьулезе рагІи кьураб ПарччахІлъи гьезие насиблъизе? 6Нужецайин абуни мискинал рикІкІунел гьечІо! Бечедаз гуребищ нужеда тІад зулму гьабулеб бугеб? Гьез гурелищ нуж суд гьабулел рокъоре рехъерхъулел? 7Гьез гуребищ какулеб нужеда лъураб лъикІаб цІар? 8«Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги», – ТІехьалда ругел амруязул парччахІлъун рикІкІунеб гьеб амру нужеца хІакъикъаталдаги тІубазабулеб бугони, гьеб лъикІаб иш буго. 9Амма нужеца гІадамал ратІа гьарулел ругони, гьеб буго мунагь, ва, Къануналда рекъон, нуж ккола такъсирчагІи. 10Къануналъул тІолалго рихьизариял цІунулел ругониги, амма цониги амруялдаса чи тарани, кинабго гІайиб гьесде тІаде ккола. 11ХъахІбалъи гьабугейилан лъазабурас лъазабун буго чи чІвагейиланги. Масала, дуца хъахІбалъи гьабулеб гьечІо, амма чи чІвана, гьедин мун лъугьана къанун хвезабурав такъсирчилъун. 12Инсанасе эркенлъи кьолеб къануналда рекъон Аллагьас жидее суд гьабизе бугел гІадамазда релълъун кІалъай ва хьваде. 13ГурхІел гьечІесе Аллагьасул судалъулги гурхІел букІине гьечІо. РитІухъаб хІукмуялдасаги тІадегІанаб буго гурхІел!

 

Иман лъейги ишалги

 

14Дица иман лъунилан абиялъул пайда щиб бугеб, вацал, лъикІал ишал гьарулел гьечІони? Гьединаб иманалъ хвасар гьавиладай гьев? 15Нужер вацасул яги яцалъул тІад ретІине ретІел гьечІони, яги жакъаялде кваназе жо гьечІони, 16масала, нужер цояс гьезие гІакълу кьола, рекере, хинлъизе айилан, кваназе айилан, амма гьезие къваригІараб кьоларо, – лъикІлъийищ гьес гьабулеб бугеб? 17Гьедин, лъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунаро. 18Цо лъицаниги абуни, цоясулъ божи-иман бугин, цогидас лъикІал ишал гьарулин, – дица абила лъикІал ишал гьечІеб божи-иман лъил бугебали дида бихьизабейилан; цинги дица дуда бихьизабила лъикІал ишазулъ бугеб дир божи-иман. 19Аллагь цо вукІиналда божулевищ мун? ЦІакъ лъикІ! Амма жундулги божулагури хІинкъун сородилаго! 20ЛъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунарилан чІезабилищ дуе, ле, бичІчІи гьечІев чи? 21Къурбаналъе хъвезе жиндирго вас ИсхІакъ вегизавун вукІана нилъер эмен Ибрагьимица. Гьеб ишалъулъ гурищ Аллагьасда гьесул ритІухълъи бихьараб? 22Бихьулищ – гьесул иманги ишги цолъун букІана, гьес гьарурал лъикІал ишаз квербакъана иман камиллъизе. 23Гьедин ритІухълъана ТІехьалда бугеб гьадинаб калима: «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». Гьедин «Аллагьасул гьудул» абураб цІарги щвана Ибрагьимие. 24Нужеда бихьулеб буго цохІо иманалъ гуребги, лъикІал ишазги инсан ритІухълъизавулев вукІин. 25Тушманасул рахъалде цІех-рехалъе ритІарал рагъухъаби рокъоре рачана хъахІбалъиялдалъун бетІербахъи гьабулей йикІарай РахІабица ва гьеб шагьаралдаса къватІире рорчІизе нух бихьизабуна[1]. Гьеб лъикІаб иш сабаблъун гьей гІадан Аллагьасда цее ритІухълъана. 26РухІ гьечІони, чорхолъ чІаголъи букІунареб гІадин, лъикІал ишал цадахъ гьечІони, иманалъулги пайда букІунаро.

 

3 бетІер

 

МацІалда чангит бай нужеца

 

1Нужеда гьоркьоса гІемерал чагІи вагІза-насихІат гьабизейилан лъугьин лъикІаб иш гуро, дир вацал, насихІатчагІаздаса Аллагьас дагьабги цІикІкІун тІалаб гьабила. 2Нилъ киналгоги гІемерисеб мехалъ нухдаса тарула. РагІудалъун нухдаса таричІев чи – гьев камилав чи ккола, жиндирго черхалда чангит базеги кІолелъул гьесда. 3Нилъеца чода кІалдираял рани, гьеб кІудияб хьвани нилъее тІубанго мутІигІлъула ва бокьараб рахъалде бачине кІола. 4Мисалалъе босилин гама: кутакаб гьороца хъамун унеб кІудияб гама гьитІинабго рулалъул кумекалдалъун бокьараб рахъалде сверизабизе кІола гьеб бачунев чиясда. 5Гьедин, жибго гьитІинаб лага букІаниги, мацІалдаги кІола кІудиял ишал гьарунин жинцайилан чІухІдаризе. Нужеда лъала цІадул гьитІинаб хІенехІалъ кІудияб рохь бухІулеблъи. 6МацІ – гьеб ккола цІа. Гьаб дуниял мунагьазул цІун бугеб гІадин, нилъер черхалъул цогидал лугбазда гьоркьоб мунагьазул цІураб лага буго гьеб. Гьелъ нилъер тІолабго напс хъублъизабула ва инсанасул кинабго гІумруялда цІа рекІинабула, жибгоги жужахІалъул цІаялъ бухІула. 7Киналго гІалхул жанаваралги, хІанчІиги, борхьалги ва ралъдал хІайваналгицин жиндего мутІигІ гьаризе кІвана ва кІолелги руго инсанасда, 8амма мацІ мутІигІ гьабизе лъиданиги кІоларо. Гьеб буго жинда чангит базе кІолареб, хвалде рачунеб загьруялъул цІураб квешлъи. 9МацІалца гьабула нилъер Эмен Аллагьасе рецц, амма гьебго мацІалца какула жиндаго релълъун Аллагьас рижарал гІадамал. 10Цого кІалдисан рачІуна баркалаялъулги нагІанаялъулги рагІаби. Гьедин букІине бегьуларо, дир вацал. 11Цого иццунисан чвахулебищ бацІцІадабги цІамгІалабги лъим? 12Инжиралъул гъотІода зайтуналъул пихъ бижулебищ? Яги цІолбол гъабуда тІад инжир бижулебищ? Гьедин цІамгІалаб лъадал иццунисан бацІцІадаб лъим чвахуларо.

 

ГІакъиллъиялъул кІиго тайпа

 

13Нужеда гьоркьов цониги гІакъилав-цІодорав чи ватани, гьес жиндирго лъикІаб хьвада-чІвадиялдалъун бихьизабизе ккела жив гІакъилав ва гІодове виччарав чи вукІин. 14Амма нужер рекІелъ хъубаб жахІдаги чІухІун цеве кІанцІизе бокьиги бугеб батани, гьересиялъ битІарабги хъублъизабуге, цІакъал-тІокІал чагІи ругиланги реццаруге нуж. 15Гьединаб «гІакъиллъи» тІасан рещтІараб гуро, гьеб буго дуниялалдасан, мунагьаб напсалдасан ва илбисалдасан бачІараб. 16Цоцаздехун жахІдаги бугони, чІухІун цере кІанцІизеги бокьулеб бугони, гьелъ рачуна гІала-гъважаялдеги квешлъиялдеги. 17Зобалаздасан рещтІунеб гІакъиллъийин абуни, гьеб бацІцІадаб букІуна, гьединго сабруяб, хІалимаб, гІадамазухъ гІин тІамулеб, гурхІел-рахІмуялъул цІураб ва лъикІаб пихъ тІад бижулеб гъветІ гІадинаб букІуна. Гьеб гІакъиллъиялъул васвасдиги ххвелалги рукІунаро. 18Ракълие рачел къарал гІадамаз ракълил хьон хьараб хуриса ритІухълъиялъул бачІин бакІарула.

 

4 бетІер

 

Аллагьасде мутІигІлъе нуж

 

1Нужеда гьоркьоб кьалги дагІба-рагІиги кин бижулеб? Чорхолъ бухъардилеб бугеб гьаваялъ гурищ гьел рижизарулел? 2Нужее бокьун бугониги, кьолеб гьечІелъулин нужго нужецаго чІвалел ругел. ХъантІун руго нуж, мурадалдеги щолел гьечІо. ДагІбадулел руго, къацандулел руго, амма нужеца Аллагьасда гьарулеб гьечІелъул, пайда бахунеб гьечІо. 3Гьараниги, кьолеб гьечІо, лъикІлъиялъе гурелъул гьарулеб бугеб, – нужерго гьаваялда нахърилълъун хвезабизелъидал гьарулеб бугеб. 4Божизе бегьиялдаса ун руго нуж! Нужеда лъаларебищ дуниялалъул гьудул Аллагьасул тушман вугевлъи? Дуниялалъулгун гьудуллъи гьабизе бокьарав Аллагьасул тушманлъун лъугьуна. 5«Нилъехъе рещтІараб РухІалъ тІалаб гьабулеб буго цохІо Аллагь вокьизе», – ян гІадада хъван бугин ТІехьалдайиланищ нужеда ракІалде кколеб? 6Аллагьасул баркат цІикІкІунебго-цІикІкІунеб букІуна. «Аллагь чІухІаразда дандечІола, хІалимазда гьесул баркат лъола», – ян абиялъе гІиллаги гьеб буго. 7Аллагьасде мутІигІлъе, илбисалда дандечІа, гьеб нужеда аскІоса лъутун ина гьебмехалъ. 8Аллагьасде гІагарлъе, гьев нужедеги гІагарлъила. Нужго рацІцІад гьаре, ле мунагьчагІи! Ле цо хІал кколарел чагІи, нужерго ракІалги рацІцІад гьаре! 9Гьабураб квешлъиялдаса ракІ бухІа, гІоде, чІчІичІчІиде! Нужер релъи гІодиялде буссине биччанте, нужер рохел пашманлъиялде буссине биччанте! 10БетІергьанасде мутІигІлъе, гьес нуж тІадегІанлъизарила. 11Цоцазда тІасан квешаб рагІи абуге, вацал. Вацасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав яги гьесда гІайиб чІварав чияс Къануналъул хІакъалъулъги абила квешаб рагІи, Къануналда гІайиб чІвалеб бугони, мун вукІине ккола гьелдасаги тІадегІанавлъун, – мун вуго гьеб тІубазабизе кколев чи. 12Къанун бахъаравги гьеб тІубазабизе тІамулевги цохІо Аллагь вуго. Гьесда кІола нилъ хвасарлъизаризеги хвалде рачинеги. Гьедин бугелъул, мунго гІадинасда гІайиб чІвазе ккани, мун щив чи?

 

Нужедаго ракІги чІун, чІухІдаризе лъугьунге

 

13«Жакъа-метер нилъ пуланаб шагьаралде ине къватІире рахъина, гьениб цо лъагІел бала, даран-базар гьабила ва нилъее хайир бахина», – ян абулел чагІи, гьанже нуж гІенекке дихъ! 14Метер щиб нужее ккелебали лъаларо нужеда. Щиб жо кколеб нужер гІумру? ТІаде борхун бачІун цо дагьабго мехалдасан тІагІун унеб гІодобнакІкІалда релълъуна гьеб. 15«Аллагьасе бокьани, чІагоги хутІани, пуланабги гьабила, пуланабги гьабила», – ян абуни лъикІаб букІина нужее. 16Нужин абуни, нужедаго ракІги чІун, чІухІдарилел руго. Гьединаб чІухІи квешаб жо буго.
17ЛъикІлъи кин гьабилебалиги лъалев, жинца гьебги гьабуларев чиясе мунагь букІуна.

 

5 бетІер

 

Бечелъи турун тІагІуна

 

1Гьанже дихъ гІенекке нуж, бечедал чагІи! Нужеде бачІинехъин бугеб балагьги-гІазабги лъан, гІоде нуж, чІчІичІчІиде нуж! 2Нужер бечелъи турун тІагІун буго, нужер ретІелги ицица кванан буго. 3Нужер гІарац-меседалдаги кьаву чІван буго. Гьеб кьавуялъ нужеда данде нугІлъи гьабила ва, цІадуца гІадин, рухІила гьелъ нуж. Дуниял ахиралде ккараб мехалда бакІарана нужеца гьеб хазина! 4Хур лъилъаралъухъ кьезе кколеб букІараб мухь нужеца кватІизе тедал, хІалтІухъабазул бо нужеда данде нугІлъиялъе бахъун буго. Гьезул ахІи Къудратав БетІергьанасда рагІун буго. 5Дуниялалда нужер гІумру гьарзаяб букІана, гІумруялдаса нужеца лазат-кепги босана, – хъвезе хьихьана нужецаго нужго! 6Нужеде данде квер борхичІев муъминчи, судги гьабун, чІвана нужеца.

 

ГІазаб-гІакъубаялъул заманалдаги сабруялда чІа

 

7Гьанже, вацал, ТІадегІанав тІадвуссун вачІинегІан сабруялда чІа. Гьедин чІола векьарухъан жиндирго хуриса гьесие цІакъ къиматаб-хирияб хІалухъен бачІинегІан. Ихдалилги хасалихълъиялъулги цІадал ран рахъинегІан сабруялда чІола гьев. 8Нужецаги сабру гьабе, къвакІун чІа, ТІадегІанав вачІунеб заман гІагарлъулеб буго. 9Нужее суд гьабичІого хутІизе цоцаздасан гІарзал гьаруге, вацал. Гьале, Судияв нуцІихъе щун вуго! 10Аллагьасул цІаралдасан халкъалъе хабар бицарал аварагзабаздасан мисал босе: гьезда гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьана ва кинабго кІудияб сабруялда хІехьана гьез. 11Гьардарал гурищилан абула нилъеца гьединаб гІемераб жо хІехьезе ккарал гІадамазул рахъалъ. Аюб аварагас хІехьарабщиналъул хІакъалъулъ рагІанагури нужеда, ахирги Аллагьас кин гьеб бецІарабалиги лъала нужеда. ГурхІулевги рахІмуявги вугелъул Аллагь.
12Вореги, дир вацал, зобалхІайилан, ракьалхІайилан ва цогидабги гьаялдалъун гьедаруге нуж. Уйилан абизе бокьани, уйилан абе, гурилан абизе бокьани, гурилан абе. Гьедарани – тамихІалъе мустахІикълъула нуж.

 

ДугІаялъул къудрат

 

13Къварид вугес дугІа гьабе, лъикІ вугес, Аллагь веццун туркаби ахІе. 14Унтун вугес жиндихъего ахІе иман лъуразул агьлуялъул бутІрул. ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, дугІа гьабила гьез, зайтуналъул нах бахина. 15Божи-имангун гьабураб дугІаялъ унтарав сахлъула, БетІергьанас гьев тІаде вахъинавула, мунагь бугони, гьелдасаги тІасалъугьуна. 16Гьединлъидал нужерго мунагьал цоцазе рице, цоцаца дугІадулъги рехсе, нужго сахлъизе. ВацІцІадав муъминчиясул дугІаялда гІемераб жо гьабизе кІола. 17Иляс авараг вукІана нилъго гІадав чи. ЦІад багегийилан гьес гьарараб мехалъ, лъабго лъагІелгун бащдалъ цІад бачІо ракьалде. 18Цинги гьес цоги дугІа гьабуна, – зодисан рахІмат рещтІана ва хурги бачІана.
19-20Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда!

 

 

Пётрил тІоцебесеб кагъат

Пётрил тІоцебесеб кагъат хъван буго гІага-шагарго нилъер эраялъул І гІасруялъул 60-абилел соназда. Пётр чапарас гьелда баян гьабулеб буго иман лъурал кин хьвадизе кколелали. Кагътил аслияб мурадги буго ГІиса МасихІида божи сабаблъун хадур лъугьинги гІакъуба-къварилъиги хІехьезе ккарал гІадамазул ракІбатизаби.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІаби

 

1-2ГІиса МасихІилчапар Пётрил рахъалдасан Понт, Галатия, Каппадокия, Асия ва Битиния улкабазда чияр халкъазда гьоркьор рикьа-риххун ругезде салам. Хъвараб къадаралда рекъон Эмен – Аллагьас нуж тІаса рищана. Гьесул РухІалъ нуж жиндирго халкълъун лъугьинаруна, жиндирго биялъ нуж рацІцІалъизарурав ГІиса МасихІиде мутІигІлъизе. Нужеда цІикІкІараб баркат лъеги ва сах-саламат хутІаги.

 

ГІиса МасихІ хваралъуса вахъана

 

3-4Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц. Хваралъуса ГІиса МасихІ вахъинавиялдалъун, кІудияб цІоб лъун, гьес нилъее цІияб гІумру кьуна. Гьедин чІаголъизабуна зобалазда цІунараб холареб, хъублъулареб, бечІалареб лъикІаб бутІа щвеялде бугеб нилъер хьул. 5Нуж божулел ругелъул, Аллагьас жиндирго къудраталдалъун цІунун тун буго гьеб бутІа, дуниял ахирлъидал къватІибе загьирлъун, нуж хвасарлъизаризе.
6Гьанже дагьабго заманаялъ батІи-батІиял къварилъабаз нужер хІалбихьулеб бугониги, гьелдаса роха нуж. 7Нужер божи-иман хІакъаб бугищали хІалбихьизе рачІуна гьел къварилъаби. Биун-тІагІун унеб меседалъулгицин цІадуца хІалбихьула. Меседалдасаги къиматаб бугелъул нужер божи-иман, гьелъулги хІалбихьизе ккола, ГІиса МасихІ загьирлъараб къоялъ нужее цІар-реццги къадру-къиматги насиблъизе. 8ВихьичІониги вокьулев вуго нужее гьев; гьанже вихьулев гьечІониги, гьесда божулелги руго. Бицун хІалкІолареб кІудияб рохел рещтІинабулеб буго гьелъ нужер рекІелъе, 9гьеб божи-иманалдалъун хвасарлъизе ругелъул нужер рухІал!

 

Аварагзабаз бицараб рагІи

 

10Гьеб хвасарлъиялъулин аварагзабаз, цІех-рех гьабун, хІакъикъат лъазабулеб букІараб. Аварагзабаз цебеккунго бицунеб букІана нужеде рещтІине бугеб баркаталъул. 11Гьез хІаракат бахъулеб букІана жиндие кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаялъулги гьелдаса хадуб щвезе бугеб бергьенлъиялъулги хІакъалъулъ МасихІил РухІалъ бицунеб букІарабщинаб кида ва кин лъугьине бугебали лъазе. 12Аллагьас аварагзабазе загьир гьабун букІана, жинца гьел жидеего гІоло гурел, нужее гІоло ритІун ругеллъи. Аварагзабаз доб мехалдаго бицунеб букІиндалха зобалаздасан рещтІараб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун Рохалил хабар лъазабулез гьанже нужеда бицунеб бугебщиналъул хІакъалъулъ. Малаикзабазегицин бокьилаан гьеб лъазе.

 

РацІцІадго хьвадейилан амру

 

13Гьединлъидал нужерго гІакъиллъиялъул рачел щулаго къай. РорчІуда чІа. ГІиса МасихІ вачІараб къоялъ нужеде рещтІине бугеб баркаталде унго-унголъунги хьул лъе. 14Аллагьасде мутІигІлъе, жагьиллъиялда ругеб мехалъ нужер рекІелъ рукІарал къасдазда хадурги унге. 15Нуж тІаса рищарав Аллагь вацІцІадав вугелъул, нужги кидаго рацІцІадго хьваде. 16ТІехьалда хъван буго: «Дун вацІцІадав вугелъул, нужги рацІцІадго хьваде».
17Гьурмахъ валагьичІого щивасул ишазе суд гьабулев Аллагьасде нужеца Эменилан ахІулеб бугелъул, гьесукьа хІинкъун тІаме гьаб дуниялалъул рокъоб хутІараб гІумру. 18Нужерго умумуздасан ирсалъе щвараб чІобогояб гІумруялдаса нуж биун-тІагІун унеб гІарац-месед кьун гурелъулха тархъан гьарурал. 19ГІайибги мунагьги гьечІеб КьегІер гІадинав МасихІил къиматаб биялдалъун тархъанлъидалха нуж. 20Дуниял бижилелдего Аллагьас гьединаб къадар хъван букІана гьесие, амма нужее гьев загьирлъана гьаб ахирияб заманалда. 21Гьесдалъунин нуж божулел ругел, хваралъуса вахъинавун гьев машгьурлъизавурав Аллагьасда. Гьединлъидалин нужер божиги хьулги Аллагьасде бугеб.
22ХІакъабщиналда нахърилълъун нужеца нужерго ракІал рацІцІад гьаридал, нужее насиблъана диналъул вацаздехун унго-унгояб рокьи. Цоцаздехун ракІ-ракІалъулаб рокьи загІиплъизе биччаге. 23Нуж цІидасан рижана, лъугІун-тІагІун унеб хьоналдасан гурел, хвел гьечІеб хьоналдасан. Аллагьасул абадияб ва нилъее чІаголъи кьолеб каламалдалъун рижана. 24ТІехьалда хъван буго: «Харида релълъуна кинабго рижи, харилъе тІогьолалдаса цІикІкІараб машгьурлъиги щоларо гьелъие. Херги бакъван уна, тІегьги бечІала, 25амма Бичасул калам абадиялъего хутІула». Гьеб калам ккола нужеда лъазабураб Рохалил хабар.

 

2 бетІер

 

1Гьанже кинабго квешлъиги, хІилла-рекІкІги, ххвелал гьариги, жахІда-хІусудги, мацІги рехун тун, 2гьабсагІат гьабураб лъимер гІадин, нужги гІедегІе бацІцІадаб рухІанияб рахьдаца къеч буссинабизе, гьеб гьекъон нужго кІудиял гІезе ва хвасарлъизе. 3БетІергьанасул рахІму-цІоб щибали лъайдалха нужеда!

 

Аллагьас тІаса бищараб ГамачІ

 

4Къадалъ лъезе ярагьунарилан гІадамаз нахъе рехараб, амма Аллагьас тІаса бищараб, къиматаб ва чІагояб ГанчІихъе рачІа нуж. 5Нужгоги чІагоял ганчІаллъун ругелъул, нужгоги къадалъ лъун балеб буго мукъадасаб рукъ. Гьенир нуж рукІина Аллагьас тІаса рищарал кашишаллъун, ва ГІиса МасихІидалъун Аллагьас къабул гьарулел илагьиял къурбаналги кьела нужеца. 6ТІехьалда буго: «Гьале дица Сионалда лъолеб буго тІаса бищараб, цололъ рекъолеб ва къиматаб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо». 7Божи-иман бугел нужее къиматаб буго гьеб. Божуларезени – «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго». 8Цогиги:
«ГІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ». Аллагьасул каламалъухъ гІенеккуларелъулин гьезул хІетІе тункулеб, – гьединаб къадарлъидалха гьезие хъван букІараб.
9Нуж руго тІаса бищараб агьлу – Зобалазул ПарччахІасул кашишзаби, мукъадасал гІадамал, Аллагьасул жиндирго халкъ. Гьес бецІлъиялдаса нуж жиндирго гьайбатаб нуралде ахІана жиндирго чІахІиял ишазул хІакъикъат тІибитІизабизе. 10Цере нуж цо халкъ букІинчІо, гьанже нуж Аллагьасул халкъ ккола. Цебе нужеда цІоб лъун букІинчІо, гьанже нужеда цІоб лъун буго.

 

Иман лъуразда тІадал ишал

 

11Гьаб дуниялалъул рокъор нуж нухлулалги апарагзабиги ругелъул, дица нужеда гьарула, хириял, нужер рухІалда данде багъулеб чорхол гьаваялдаса напс цІуне. 12Мажусиязда гьоркьор цІакъго лъикІ хьвадизе ккола нуж, нужеца квешлъи гьабунилан гьез нужеда гІайиб чІвараб мехалъгицин, жидее лъикІлъи гурони гьабичІин нужецайилан мукІурлъун, ГІиса МасихІ ракьалде вачІараб къоялъ гьез Аллагьасе рецц гьабизе.
13ТІадегІанасе гІоло мукІурлъе нуж инсанасдасан бугеб кверщелалъе – бищунго кІудияв вугелъул, къайсарасул амруги тІубазабе. 14Квешлъи гьабулезе тамихІ гьабизе, лъикІлъи гьабулезе шапакъат кьезе гьес тІад тарал наибзабазеги мукІурлъе. 15Аллагьасул амру буго лъикІал ишаздалъун нужеца гІабдалзабазул жагьилаб кІал къазабеян. 16Эркенаб гІумру гьабе нужеца, амма гьеб эркенлъи квешлъиялъе хІалтІизабуге, – Аллагьасул лагъзаллъун рукІа. 17Киназулго адаб-хІурмат гьабе, диналъул вацал рокьа, Аллагьасукьа хІинкъа ва къайсарасул къадру-къимат гьабе.
18Гьединго нужги, лагъзал, нужерго бетІергьабазул адаб-хІурмат гьабун, гьезие мутІигІлъе, – гурхІарал-хІалимал гьел ругониги, хъачІал ругониги. 19ГІайиб гьечІого тамихІалда гъоркье ккедал Аллагьги рекІелъ цІунун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Гьев разилъула. 20Нужерго квешлъи сабаблъун рухулеб мехалъ гІакъуба хІехьонилан цІар щоларо. Амма лъикІлъи сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Аллагь разилъула. 21Нужее гІоло МасихІица гІазаб-гІакъубаги хІехьедал, нуж нахърилълъине мисалги бихьизабидал, гьесул нухдасан ине ккола нуж. 22Гьесда цохІониги мунагь букІинчІо, гьересиги гьесул кІалдиб батичІо. 23Инжит-къабихІ гьавулел рагІаби жинда абуниги, инжитаб-къабихІаб рагІи данде рехичІо гьес. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, бихьилин-рагІилин хІинкъиги кьечІо, ритІухъаб суд гьабулев Аллагьасул кверщаликье кьуна живго. 24Нилъер мунагьал гьес жиндирго чорхолъ хъанчалда тІаде росун ана, мунагьазе нилъ хвараллъун рукІине, амма ритІухълъиялъе – чІагояллъун хутІизе. Гьесда лъурал ругъназдалъун нилъер чурхдул сахлъана. 25АхІун риччарал чахъаби гІадин рукІарал нуж гьанже Вехьасда аскІоре тІадруссана, нужер рухІал цІунулесухъе рачІана.

 

3 бетІер

 

Рос-лъадуда тІадал ишал

 

1Гьединго нужги – руччаби, россабазе мутІигІлъе. Аллагьасул рагІиялда божуларел россабазени рагІаби хІажалъиларо, нужер хьвада-чІвадиялъ къезарила гьел, 2бацІцІадаб ва адаб-хІурмат цІунараб гІамал-хасиятги нужелъ бихьун. 3Гъалал хьухьин, гІин-квералда гІарац-месед бай ва чІухІараб ретІел ретІин – гьедин цебе рехун бихьулебщиналъулъ гуро нужер берцинлъи букІине кколеб. 4Нужерго рекІелъ бугеб, нужеего хасаб бацІцІадаб адабалъин нуж берцинлъизаризе кколел. Бищунго къиматаблъун ккола Аллагьасда цебе хІеренаб ва недегьаб ракІ. 5-6Гьеле гьедин къачІадулаан цере Аллагьасде иман лъурал рацІцІадал руччаби. Мун дир бетІергьан вугилан Ибрагьим аварагасе Сарат мутІигІай йикІарай гІадин, жидерго россабазе мутІигІал рукІана гьел. Гьанже нужги гьелъул ясаллъун ккола, нужеца лъикІлъиги гьабулеб бугони, балагьалдаса хІинкъулелги гьечІони. 7Гьединго нужецаги, росал, руччаби нужедаса загІипал рукІинги лъан, гІакъилго-цІодорго гьабе гьезие рослъи. Гьезул хІурмат гьабе, нужее гІадин, гьезиеги насиблъулелъул абадияб гІумру. Нужер гьари-дугІаялъе сунцаниги квалквал гьабизе бегьуларо.

 

Цоцалъ рекъон, вацал гІадин рукІа

 

8Къокъго абуни, нуж киналго цоцалъ рекъон рукІа, цоцазул къварилъи-гІатІилъи бацІцІе, нужерго диналъул вацал рокьа, цоцалъ хІалимго-хІеренго рукІа. 9Квешлъи гьабурасе квешлъиги гьабуге, рогьо барасда рогьоги баге, гьелъул гІаксалда, нужеца абе гьесда баркат лъегийилан. ХІакълъунго гьедин гьабизе ахІулел руго нуж Аллагьас, гьелъухъ нужеда баркат лъезе. 10ТІехьалда буго: «ГІумру рохалида ине ва лъикІал къоял тІаде рачІине бокьарас чияр бициналдаса мацІги цІуне, гьереси бициналдаса кІалги цІуне». 11Квешлъи рикІкІад гьабе, лъикІлъи гьабичІого тоге. Дуца рекъел балагье, гьелда хадув лъугьа мун. 12Муъминзабазул букІунаро БетІергьанас цІунулареб нух, гьезул гьари-дугІаялъухъ гІенеккула Гьев, квешлъи гьабуразда дандеги чІола.

 

РитІухълъи сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккола

 

13БитІараб гьабизе нужеца хІаракат бахъулеб бугони, лъида кІолеб нужее зарал-зиян гьабизе? 14Нуж ритІун хьвадулел рукІин сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, Аллагьасул баркат рещтІуна нужеде. Лъикьаниги хІинкъуге, сундулниги ургъел гьабуге. 15МасихІ ТІадегІанавлъун ккве нужерго рекІелъ. Сунде нужер хьул бугебилан гьикъулевщинасе нужерго сабруялдалъунги адабалдалъунги жаваб кьезе хІадурго рукІа нуж кидаго. 16МасихІиде цолъарал нужелъ бугеб лъикІаб гІамал-хасияталда бугьтан лъун данде кІалъалел чагІи инжитлъизе, нужеца намус бацІцІад цІуне. 17ЛъикІлъи гьабуралъухъ гІазаб-гІакъуба хІехьейго лъикІ (гьелъие Аллагьасул къадар батани), – квешлъи гьабуралъухъ гьеб хІехьеялдаса.
18Нилъ Аллагьасде гІагарлъизе киназего гІоло цо нухалъ хведалха МасихІ ГІиса, – мунагьал ругезе гІоло хведалха мунагьго гьечІев. Гьесул черх чІвана, амма РухІалъ гьев цІидасан чІаголъизавуна. 19Гьеб РухІ ана жужахІалъур ругел рухІазда цІияб хабар бицине. 20Гьел рукІана, НухІ аварагас гама гьабулеб заманалда, Аллагь жиндирго кІудияб сабруялда валагьун чІун вукІаниги, Гьесухъ гІенеккичІезул рухІал. НухІида цадахъ дагьал чагІи гурони хвасарлъичІо, микьго чи ворчІана тІупаналъул лъададаса. 21ТІупаналъул лъим ккола гьанже нуж хвасарлъулеб лъадалъ ччун рахъиялъул гІаламатлъун. Черхалдаса хъублъи чуризе гуро нуж лъадалъ ччун рахъулел, – ГІиса МасихІ хваралъуса вахъинавиялдалъун нужер намус бацІцІалъизабейилан Аллагьасда гьаризейин. 22Гьев зодове ана ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун вуго. Гьесие мутІигІал руго малаикзаби, гьезул бутІрул ва хІакимзаби.

 

4 бетІер

 

ГІазаб-гІакъуба хІехьеялъул магІнаги пайдаги

 

1Жиндир черхалъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккараб мехалда МасихІил рукІарал гІадинал пикрабаз нужерго ракІал къвакІизаре, – черхалъ гІазаб-гІакъуба баччизе ккарас мунагьазде мугъ рехулелъулха, 2хутІараб гІумру, чорхол гьаваялъе бокьухъе гуреб, Аллагьасул амруялги тІуразарун, тІамизелъун. 3Мажусиязе бокьулеб куцалда, пасалъиялдаги чорхол гьаваялдаги хадур ун, гьекъолдулаго, гьакълил рокъоса къватІире рахъинчІого кеп-гІоркьалда ва гьересиаллагьзабазе инжитаб-къабихІаб гІибадат гьабулаго тІамураб гІеларищ нужеца цебехун букІараб гІумру? 4Жидерго гьел гІасиял ишазулъ нуж гІахьаллъунгутІиялда гІажаиблъи гьабун гьез нуж какулел руго. 5Амма чІагоязеги хваразеги суд гьабизе къачІан вугесда цебе жаваб кьезе ккелебха гьез. 6Кинабгоги рижиялъе гІадин, жидееги суд гьабун букІарал хвараздаги Рохалил хабар лъазабуна, хварал чагІигицин, Аллагь гІадин, хвел гьечІеллъун лъугьине.
7Гьаб дуниял ахирлъулеб буго. Аллагьасе гьари-дугІа гьабизе бажарулеб хІалалда цІодорго чІа, ригьун рукІа. 8РакІ-ракІалъго цоцазе рокьа. Гьеб буго аслияб жо – рокьиялъ гІемерал мунагьал рахчула. 9Нодо букІкІинчІого гьабе цоцазе гьоболлъи. 10Аллагьас нужер щивав чиясе кьураб баркатаб гьунар цоцазе пайдаялъе хІалтІизабе, батІи-батІиял хъулухъазде тІамурал лъикІал чагІаз гІадин. 11КІалалда гьунар бугес вагІза-насихІат гьабе, хъулухъалъе гьунар бугес, Аллагьас жиндие кьураб къуват-жаналда рекъон, хъулухъ гьабе, – нужеца гьабулебщиналъухъ гІадамаз, абадул абадиялъ жиндир реццги къудратги тІаса ине гьечІев ГІиса МасихІил цІарги рехсон, Аллагьасе рецц гьабизе. Амин!
12ЗахІматаб-къваридаб къо тІаде бачІунилан гІажаиблъи гьабуге, дир хириял, нужеца, хІикматаб иш лъугьанилан ракІалдеги ккоге. 13МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нужееги насиблъиялдаса рохун рукІа нуж, гьесул къудрат загьирлъараб къоялъ рохуца холел рукІине. 14Гьардарал гурищ нуж, МасихІиде иман лъей сабаблъун инжит-хІакъир гьарулел ругел, Аллагьасдасан рещтІараб къудраталъул рухІ нужелъе лъугьун бугелъулха! 15Бидуласе, цІогьорасе, яги цогидав такъсирчиясе, ялъуни мацІихъанасе букІунеб тамихІалъул гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккогеги нужер цонигияс. 16Амма гьеб кинабго христианав вукІин сабаблъун кколеб бугони, намуслъизе ккеларо. МасихІил агьлуялъул вугилан Аллагьасе рецц гьабе. 17Иман лъуразул агьлуялдасан байбихьун, киназего Аллагьас суд гьабулеб заман тІаде щун буго. Гьес нилъедасан байбихьи гьабулеб бугони, Аллагьасул Рохалил хабаралда божичІезул ахир кинабдай букІина? 18ТІехьалда буго: «Муъминчиясегицин хвасарлъизе захІмалъулеб мехалда, иман гьечІев мунагьчиясул щибдай ккела?» – ян. 19Гьединлъидал Аллагьасул къадаралдалъун гІазаб-гІакъубаялда ругез лъикІлъи гьабичІого тоге, нилъ Рижарасул ва РагІи холаресул амруялда разилъун чІа.

 

5 бетІер

 

Иман лъуразул цоцаздехун гьоркьоблъи

 

1Нужго гІадин, иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъун вугев, МасихІица хІехьараб гІазаб-гІакъубаги бихьарав ва загьирлъизе бугеб къудраталъул ирсги насиблъулев дица нужер агьлуялъул бутІрузда гьарулеб буго: 2Аллагьас нужехъе кьураб рехъае вехьлъи гьабе, Аллагь разилъиледухъ гьелъул тІалабги гьабе, нужеда тІадаб бугилан гуреб, – рекІелъ рокьигун, 3ужра-мухьалде хьул лъун гуреб, – Аллагьасе хъулухъ гьабизе бугеб гъира-шавкъгун. Нужеда божун таразе ханлъи гьабуге, рехъадулъ ругезе мисал бихьизабе. 4КІудияв Вехь тІаде вачІараб мехалъ, гьес нужер ботІрода лъела киданиги холареб таж. 5Гьанже, гІолохъаби, нужги чІахІиязе мутІигІлъе. Цоцаздехун хІеренлъи-хІалимлъиялъул рачел къай. ТІехьалда буго: «Аллагь чІухІаразда дандечІола, хІалимазда гьесул баркат лъола», – ян. 6Аллагьасул къуватаб кверщаликь хІеренго-хІалимго рукІа, болжал цІараб къоялъ гьес нуж тІадегІанлъизарулин. 7Сункьаниги хІинкъичІого, кинабго гьесде тІамун те. Гьес нужер тІалаб гьабулелъулха. 8ЦІодорго чІа, рорчІи ккве, нужер тушман илбис нужеда сверун лъугьун бугебин, тІу-тІун бан кваназе чан балагьулаго гІергІедулеб гъалбацІ гІадин. 9ТІолабго дуниялалда ругел нужер вацалги гьединабго гІазаб-гІакъубаялда рукІинги лъан, божи-иманги щулалъизабун, нуж илбисалда дандечІа. 10Дагьаб заманаялъ гІазаб-гІакъуба хІехьон хадубин абуни, МасихІиде цолъун ругел нуж, жиндирго къудраталдалъун абадияб гІумруялде ахІарав, цІоб гІатІидав Аллагьас цІидасан тІадегІанлъизарила, нужер божи-иман цІикІкІинабила, нужелъ къвакІи-яхІ бижизабила ва кьучІ щулалъизабила. 11Гьесул къудрат абадияб-даимаб буго! Амин!

 

Кагътил ахир

 

12Божизе бегьулев вац вугилан дица рикІкІунев Сильваница кумекги гьабун, гьаб къокъаб кагъат хъвана нужехъе, нуж къвакІун чІезе ва хІакълъунго гьеб кинабго Аллагьасул баркат букІиналда нуж божизе. Аллагьасдасан бачІараб баркаталъул нух щулаго ккве.
13Нужго гІадин, Аллагьас тІаса рищарал иман лъуразул Вавилоналда бугеб агьлуялъулги ва дица васлъун тарав Маркилги салам буго нужеде.
14Цоцазда баун салам гьабе. МасихІиде цолъун ругел нуж киналго сах-саламат хутІаги!

 

Пётрил кІиабилеб кагъат

Гьаб буго гІага-шагарго нилъер эраялъул І гІасруялъул ахиралда хъвараб, жинда тІад Пётр чапарасул цІар бугеб кІиабилеб кагъат. Пётрил насихІатазда ва малъа-хъваяздаго цадахъ, кагътида мухІканго бичІчІизабулеб буго хІакъикъиялги гьересиялги вагІза-насихІатазда гьоркьоб бугеб батІалъи. Бицунеб буго гІемерисел ралагьун чІун рукІараб Къиямасеб Къо гьедин хехго щай тІаде гІунтІичІебали.

 

1 бетІер

 

Саламалъул рагІабиги дугІаги

 

1ГІиса МасихІил лагъ ва чапар Симеон Пётрица гьаб кагъат хъвалеб буго нижее гІадинаб цІакъго къиматаб божи-иман жидее щваразухъе. Божи-иман лъедал, нилъер Аллагьасда ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІида цере ритІухълъараллъун рикІкІана нужги.
2Аллагь ва нилъер ТІадегІанав ГІиса тІубанго лъаралъухъ рекъелги цІобги цІикІкІаги нужее!

 

ХІалалаб-бацІцІадаб гІумру

 

3Аллагьасул къудраталъ нилъее кьуна хІалалаб-бацІцІадаб гІумруялъе хІажалъулебщинаб жо. Жиндир къуваталъулги лъикІлъиялъулги бутІа щвезелъун жинца нилъ ахІарав МасихІ нилъеда лъана. 4Гьес нилъее сайигъат гьабуна жинца рагІи кьун букІараб кІудияб ва хирияб хазина, – гьелъул кумекалдалъун гьаб дуниялалда ругел гІадамал пасалъиялде ва хвалде рачунел къасдаздаса цІунун, нужее илагьиябщиналъул бутІа щвезе. 5Гьединлъидал кутакаб хІаракат бахъе нужерго божи-иманалде лъикІаб гІамал жубазе, лъикІаб гІамалалдеги гІелму-лъай жубазе, 6гІелму-лъаялдеги нужедаго квелъ базе кІвей жубазе, нужедаго квелъ базе кІвеялдеги сабру жубазе, сабруялдеги муъминлъи жубазе, 7муъминлъиялдеги вацлъи жубазе, вацлъиялдеги рокьи жубазе. 8Гьеб кинабгойин нужелъ букІине кколеб! Нужелъ гьеб гьарзаго бугони, нужеда цІикІкІун лъала нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, щибго пайда гьечІеллъун ва сундуего ярагьунареллъунги лъугьинаро нуж. 9Гьеб кинабго жиндилъ камурасда канлъи бихьуларо: гьесда кІочон тана жиндир цересел мунагьал чурун рукІин. 10Гьединлъидалин, вацал, нужеца цІикІкІараб хІаракат бахъун тасдикъ гьабизе кколеб нуж Аллагьас ахІарал ва тІаса рищарал чагІи рукІин. Гьедин хьвадани – нужер хІетІе киданиги тариларо! 11Нужее гьарзаго щвела нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІил абадияб ПарччахІлъиялде жанире лъугьине ихтияр.
12Гьединлъидал дица нужеда гьеб кидаго ракІалде щвезабила, – нужее загьирлъараб хІакъабщинаб нужеда гьанжего лъалеб бугониги ва щулаго ккун бугониги. 13Дир чорхолъ рухІ бугебгІан заманаялда нахъаса къотІичІого гьеб нужеда ракІалде щвезаби дица дида тІадаб ишлъун рикІкІуна. 14Дида лъала дир чорхолъ рухІ гІемераб мехалъ хутІизе гьечІеблъи. Гьеб дие загьир гьабуна нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІица. 15Амма дица дида кІварабщинаб гьабила, – дун ун хадубги, бокьараб мехалда нужеда гьеб ракІалде щвезе.

 

ГІиса МасихІил къудрат

 

16Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ жиндирго къудратгун тІадвуссине вукІиналъул хІакъалъулъ нужеда бицунаго, нижеца такрар гьаричІо лъицаялиго сихІирго ургъарал гьерсал. 17Ниж руго жиндирго Эмен – Аллагьасдасан бачІараб гьесул кІодолъиги къудратги нижерго беразда бихьарал гІадамал. Гьеб мехалъ гьесда рагІана Къудратав БетІергьанасул гьаракь: «Гьав вуго Дие вокьулев Дир Вас. Гьасдаса вохун вуго Дун». 18Зобалаздасан бахъараб гьеб гьаракь нижедаго рагІана, мукъадасаб магІарда ниж гьесда цадахъ рукІараб мехалъ.
19Гьелъ нилъер дагьабги цІикІкІун ракІчІезабулеб буго аварагзабазул рагІаби ритІухълъун рукІиналда. Нужеца гьел рагІаби гІадахъ росани, нуж ритІарал рукІина. Жеги бакъул кунчІи чІвалелде ва нужер рекІелъ Рогьалил ЦІва баккилелде, бецІлъуда рекІараб чирахълъун рукІина нужее гьел рагІаби. 20Амма сундасаго цебе ракІалда чІезабизе ккола ТІухьдузда хъвараб цониги калимаялъул магІна живго лъугьун инсанас гьабизе бегьулареблъи. 21Инсанасе бокьунилан Аллагьасул цониги калима рещтІинчІелъулха ракьалде. Аллагьасул калам инсанас халкъалъе бицунаго, Илагьияб РухІалъин гьев кІалъазе тІамулев.

 

2 бетІер

 

Гьересиаварагзабиги гьересинасихІатчагІиги

 

1Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго. 2ГІемерисез мисал босила гьезул пасалъиялдаса, ва гьеб бихьидал гІадамал хІакъабщиналъул нух какизе лъугьина. 3Гьел руго гІорцІиго лъаларел чагІи. Жидецаго ургъун рахъарал харбалги нужее рицун, лъикІго бечелъила гьел. Амма гьезие некІого къотІараб хІукму кватІизе гьечІо, гьезде бачІинесеб балагь-гІазабги гъапуллъун гьечІо!
4Мунагь гьабурал малаикзабаздагицин гурхІичІо Аллагь: гьес гьел жужахІалъур тІамуна ва Суд гьабулеб къо тІаде щвезегІан бецІлъиялъул рахсаца рухьун тана. 5РитІухълъи тІибитІизабизе витІарав НухІги ва гьесда цадахъ анкьго чиги хутІизегІан, цогидал гІадамаздаги гурхІичІо Аллагь, мунагь-хІакъалъул агьлуялде тІупан тІураб мехалда. 6Содом ва Гоморра шагьарал щущазаризе хІукмуги гьабун, гьел рохъоялде сверизаруна, гьез гІадинаб пасалъи хадубккунги гьабулезе дарслъун букІине. 7Амма Аллагьас хвасар гьавуна гІорхъулъа борчІараб хъахІбалъиялде руссарал гІадамазул хьвада-чІвадиялъ тату хвезабурав ва вацІцІадго чІарав ЛутІ. 8Гьезда гьоркьов вацІцІадго хьвадарав гьев чиясул бацІцІадаб рекІее щибаб къоялъ гІазаб кьолаан гьез гьабулебщинаб бихьулебги рагІулебги букІиналъ. 9БетІергьанасда лъала рацІцІадал гІадамал гІакъуба-къварилъиялдаса хвасар гьаризе, пасатал чагІазейин абуни, Суд гьабулеб къо тІаде щвелалдегоцин тамихІ гьабичІого толаро. 10Жидерго гьаваялъ рижизарурал хъубал къасдазда хадур унел ва гьесул амруял рикІкІинего рикІкІунарел гІадамазе бищун цІикІкІараб тамихІ гьабула Аллагьас.
Гьел адаб гьечІел ва намусги гьечІел гІадамал хІинкъуларо зобалазда ругел къудратал малаикзаби какизе. 11Гьел квешал гІадамаздаса гІемерго къуватал ва гучал ругониги, малаикзаби намуслъула БетІергьанасда цебе гьединал гІадамазда гІайиб чІван гьел какизе. 12Гьел гІадамал релълъуна гудраца кквезе ва чІвазе рижарал гІакълу гьечІел хІайваназда. Жидер гІакълу нахъгІунтІуларебщинаб какула гьез. ЧІвазе рижарал хІайванал гІадин, хвалде гІагарлъула гьел. 13Жидеца гьабураб квешлъиялъухъ шапакъатлъун квешлъи щвела гьезие.
ГІадада-къад гьабулеб пасатаб гьекъел-кванай гьуинаб буго гьезие. Гьел руго инжитал ва хъубал гІадамал. Гьез лазат босула нужеда цадахъ цо хІарччида нахъа гІодор чІараб мехалъгицин нуж гуккулел рукІиналдаса. 14ХъахІбалъиялъул гурони пикруги гьабуларо, мунагьал гьарунги гІорцІуларо. РакІ загІипал гІадамал гьез къорикье ккезарула. ХъантІиялъе куцун руго гьез жалго. Аллагьасул нагІанаялъе мустахІикълъана гьел!
15БитІараб нухги тун, къосун ккун руго гьел. Квешлъиялъухъ щолеб гІарцуца къосинавурав Беъорил вас БилгІамил нухдасан ана. 16Амма гьес гьабулеб букІараб квешаб къасд къватІиб чІвана: мацІ лъалареб жиндирго хІамица, инсанасул мацІалдалъун кІалъан, гьеб гІантаб жо гьабизе биччачІо.
17Гьел гІадамал релълъуна ракъварал иццазда, гьороца хъамулел накІкІазда! Гьезие хІадурун буго жужахІалъул абадияб бецІлъи. 18Гьезул кІалдир ругьунлъун руго жалго реццулел ва гьодорал рагІаби. Къосараб гІумру гьабулездаса гьанжего-гьанже рикІкІалъизе байбихьарал гІадамал гьез квегъун буссунареб чорхол гьаваялъул гьиналъ кквезе тІамула. 19Гьел гьересинасихІатчагІаз рагІи кьола гІадамал жидеца тархъан гьарилилан, амма гьел жалго руго пасалъиялъул лагъзал. Бергьарасул лагълъун къурав кколелъулха! 20Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІ лъаялдалъун гьел гьаб дуниялалъул къабихІлъиялдаса рикІкІалъун рукІана, амма кІиабизеги нухкъосуде ккеялъ къезаруна. Цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккана гьел 21БитІараб Нух лъан букІинчІебани лъикІаб букІинаан гьезие, гьеб нухги лъан хадуб гьезде божилъи гьабураб илагьияб амруялдаса кьуризегІан! 22Гьезие лъугьараб жоялъ бихьизабула гьадинал кицаби ритІарал рукІин:
«Гьве тІадбуссун бачІуна жинцаго лагІараб жо чІикІизе»
ва
«Чурун хадубги болъон хІарщулъ гебегахъдула».

 

3 бетІер

 

ГІиса МасихІ кІиабизеги вачІина

 

1Гьале дица нужехъе кІиабизеги кагъат хъвалеб буго, дир хириял. Гьал кагътазда жаниб дица хІаракат бахъулеб буго, нужеда ракІалде щвезабун, нужелъ рацІцІадал пикраби рижизаризе. 2Бичасул аварагзабаз абурал рагІаби ва нужехъе рачІарал чапарзабаз бицараб нилъ хвасар гьарурав ТІадегІанасул амру нужеца ракІалдаса ине биччаге.
3Сундасаго цебе нужеда лъазе ккола дуниялалъул ахирисел къоязда рачІине рукІин жидерго къасдазул нухдасан унел ва намус гьечІел гІадамал. 4ГІад-хочІ гьарун, гьез абизе буго: «ВачІинилан рагІи кьурав гьев щайха вачІунев гьечІев? Гьале нилъер умумулги цереса ана, амма кинабго хутІун буго дуниял бижараб мехалъго букІараб хІалалда, щибго хиси ккечІого». 5Гьезда кІочон толеб буго авалалдаго, Аллагьас амру гьабун, зобалги ракьги рижун рукІараблъи. Ракь бижана лъададасан ва лъададалъун. 6Цинги гьеб тІупаналъул лъадалъ тІерхьана. 7Гьанже ругел зобалги ракьги Суд гьабулеб къо щвезегІан цІунизе руго Аллагьас. Суд гьабулеб къоялъ зобалги ракьги рухІун лъугІила, киналго пасатал гІадамаздеги хвел рещтІина.
8Нужеда кІочон тоге, дир хириял, БетІергьанасе цо къоги азарго сон гІадин букІунеблъи, азарго сонги цохІо къо гІадин букІунеблъи. 9Гьев кватІулев вугилан цо-цо гІадамаз рикІкІунеб бугониги, БетІергьан кватІулев гьечІо кьураб рагІи тІубазабизе. ХІакъикъаталда гьес сабру гьабулеб буго: гьесие бокьун гьечІо нужер щивниги гІадада хвезе – бокьун буго киналго кантІун жиндего руссине. 10ТІадегІанасул Къо бачІине буго тохлъукьего, цІогьор гІадин. Гьеб Къоялъ, кутакалда гъугъадун, зобал тІубанго тІагІина, дуниялалда бугебщинаб цІа рекІун бухІила. Гьебмехалъ къватІирчІвала ракьалда лъугьарал тІолалго ишал. 11Кинабго гьедин биххун-щущан инехъин бугелъул, нужеца гьабизе ккола бацІцІадаб ва Аллагьасде мутІигІаб гІумру. 12Аллагьасул Къо бачІиналъухъ – цІа рекІун зобал щущан унеб ва зобалазда ругелщинал цІадулъ риун унеб къо бачІиналъухъ – ралагьун чІун руго нуж, хехго бачІагиян гІашикълъун руго! 13Нилъ ралагьун чІун руго, гьес рагІи кьураб къагІидаялъ, цІиял зобал ва цІияб ракь бижиялъухъ. Гьенибин ритІухълъи букІунеб!
14Гьединлъидал, дир хириял, гьеб къо бачІиналъухъ ралагьун чІун, рацІцІадаллъун, гІайиб гьечІеллъун ва Аллагь разилъулеллъун рукІине хІаракат бахъе. 15Нужеда лъазе ккела БетІергьанасул кІудияб сабруялдалъун нуж хвасарлъизе рукІин. Аллагьас гьесие кьураб гІакъиллъиялдалъун гьелъул хІакъалъулъин нужеда бицараб нилъер хирияв вац Павелицаги. 16Гьес гьелъул хІакъалъулъ бицунеб буго жиндирго киналго кагътазда. РичІчІизе захІматал жалги руго гьенир, лъавукъал ва цо хІал кколарел гІадамаз, цогидал тІухьдузда хъваралъулго гІадин, гьезулги магІна мекъи сверизабула, – жидедего гІасияб балагь бачІиналъе сабаблъун ккезе. 17-18Нужеца, дир хириял, нужеда гьеб цебеккунго лъалелъул, нужго цІуне! Намус гьечІел гІадамазул гьересиялъ хадур цІазе ва мугъчІвазе бугеб щулияб сангаралдаса махІрумлъизе чІоге! Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІги гьесул лъикІлъиги лъикІго ва цІикІкІун лъазабун, нужго камиллъе. Гьесие рецц гьанжеги ва абадул абадиялъги. Амин.

 

Иоаннил тІоцебесеб кагъат

«Иоанница бицараб Рохалил хабар» хъварав Иоанн чапарас гІага-шагарго гьебго заманаялда иман лъуразухъе хъван буго гьаб кагъат. Иман лъуразулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гІумруялда гьоркьоб бугеб батІалъи кагътида бихьизабулеб буго канлъулги бецІлъиялъулги батІалъиялда релълъинабун. Иоанница хъвалеб буго Аллагьги рокьи кколелъул, рокьи рекІелъ гьечІесда Аллагь лъаларилан.

 

1 бетІер

 

ЧІаголъиялъулаб рагІи

 

1Авалалдасанго букІараб, нижеда рагІараб, нижерго беразда бихьараб, ниж жиндихъ ралагьараб, нижеца жинда кверал хъвараб ЧІаголъиялъулаб РагІул хІакъалъулъ хъвалеб буго нужехъе. 2Абадияб гІумру загьирлъана, ва нижеда гьеб бихьана, ва нижеца гьелъие нугІлъи гьабулебги буго. Нужеда лъазабулебги буго Инсуда аскІобги букІараб, нижееги загьирлъараб гьеб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ. 3Нижедаго бихьаралъулги рагІаралъулги хІакъалъулъ нужедаги лъазабулеб буго, нижги нужги цо агьлулъун лъугьине бокьун. ХІакълъунго нилъ руго Инсулги ва гьесул Вас ГІиса МасихІилги агьлу. 4Нижер рохел гьарзалъизе бокьун хъвалеб буго гьаб кагъат нужехъе.

 

Нилъ Нуралда гъоркь хьвадулел руго

 

5Аллагь Нур вугин ва гьесулъ бецІлъи гьезего гьечІин абун МасихІидасан рагІараб хабар гьале нужедаги лъазабулеб буго. 6Гьесул агьлу бугиланги абун нилъ бецІлъуда хьвадулел ругони, нилъеца абулебги гьабулебги гьересилъиларищ? 7Аллагь Нуралъулъ вугев гІадин, нилъги Нуралда гъоркь хьвадулел ругони, гьебмехалда цо агьлулъун лъугьуна нилъ ва Аллагьасул Вас ГІисал биялдалъун чурула нилъер киналго мунагьалги.
8Нилъеда мунагь гьечІилан нилъеца абулеб бугони, гьеб букІина нилъго нилъецаго гуккилъун. Гьебмехалда хІакъабщинаб букІинищ нилъер рекІелъ? 9Гьесда цере нилъеца нилъерго мунагьал рехсани, рагІи кьучІав ва ритІухъав Аллагь тІасалъугьуна, гьес нилъ кинабго квешлъиялдаса рацІцІад гьарула. 10Мунагьго гьабичІилан нилъеца абуни, Аллагьас гьереси бицунеб бугин аби кколагури гьеб. Гьебги ккола гьесул РагІуе нилъер рекІелъ бакІ батичІолъи.

 

2 бетІер

 

1Гьаб дица нужехъе хъвалеб буго, дир лъимал, нужеца мунагьал гьаричІого рукІине. Цо лъицаниги мунагь гьабуни, нилъер вуго гьесул рахъалъ Инсул судалда кІалъазе ритІухъав чи – ГІиса МасихІ. 2Гьев вуго нилъер мунагьал чуризе къурбан, цохІо нилъер гурелги, тІолабго гІаламалъул мунагьал чуризе къурбан.
3Нилъеда Аллагь лъалев вукІин бихьула нилъеца гьесул амруял тІуразарулел ругони. 4Жинда гьев лъалинги абулев, амма гьесул амруял тІуразаруларев чи гьерсихъан вуго, хІакъабги гьечІо гьесулъ. 5Гьесул рагІи тІубазабулев чиясулъ хІакълъунго камиллъула Аллагьасде рокьи. Гьелдасанин нилъеда лъалеб нилъ гьесде цолъун рукІин. 6Аллагьгун жив цолъун хутІулин абулевги хьвадизе ккола ГІиса МасихІ хьвадарав гІадин.

 

ЦІияб амру

 

7Нужее цІияб амру гьабизе гуро, дир хириял, дица нужехъе хъвалеб бугеб. Гьеб буго авалалдаго нужее гьабун букІараб цебегосеб амру. Гьеб цебегосеб амру ккола нужеда рагІун букІараб рагІи. 8Амма гьале цІияб амру гьабулеб буго нужее – хІакъабщинаб ГІисалъги нужелъги бихьулеб бугелъул, бецІлъи лъутулеб бугелъул ва хІакъаб канлъиги рещтІун бугелъул.
9Жив канлъуда вугиланги абулев, амма жиндирго диналъул вац вокьуларев чи жеги бецІлъуда вуго. 10Жиндирго вац вокьулев чи канлъуда хутІула ва гьесдалъун щивниги къосинеги гьечІо. 11Жиндирго вац вокьуларев чи бецІлъуда вуго, бецІлъуда хьвадулевги вуго. БецІлъиялъ берал бецлъизарун ругелъул, кивехун иневали лъаларого хутІун вуго гьев.
12Гьале дица нужехъе хъвалеб буго, дир лъимал, ГІисал цІар сабаблъун мунагьал чурун ругелъул. 13Гьале нужехъе хъвалеб буго, умумул, авалалдаго вукІарав нужеда лъан вугелъул. Нужехъеги хъвалеб буго, гІолилал, илбис къезабизе кІун бугелъул нужеда. 14Дица нужехъе хъвана, дир лъимал, Эмен нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, умумул, авалалдаго вукІарав нужеда лъан вугелъул. Дица нужехъе хъвана, гІолилал, нуж къуватал ругелъул, Аллагьасул рагІиги нужелъ бугелъул ва илбис къезабизеги кІун бугелъул нужеда.

 

Гьаб дуниял бокьуге

 

15Гьаб дуниялги бокьуге, дуниялалда бугебги бокьуге. Дуниял бокьулесулъ Инсуде рокьи гьечІо. 16Дуниялалда бугебщинаб кколелъул чорхол гьаваги, берзул гьаваги ва гьаб дуниялалъул боцІудаса чІухІиги. Гьеб Инсудасан бачІараб гуро, дуниялалдасан бачІараб буго. 17Дуниял лъутун унеб буго, гьелдаго цадахъ унеб буго гьелъул чІухІи-гьаваги. Амма Аллагьасул амру тІубазабулев чи абадиялъго хутІила.

 

Тажал вахъине вуго

 

18Ахирзаман гІагарлъулеб буго, дир лъимал. Нужеда рагІун букІана Тажал (МасихІил тушман) вахъине кколилан. Гьанже гьел МасихІил тушманзаби гІемерлъун ругелъулин нилъеда лъалеб бугеб ахирзаман гІагарлъун букІин. 19Гьел нилъеда гьоркьосан рахъана, амма гьел нилъерал рукІинчІо. Нилъерал рукІаралани, нилъгун хутІилаан гьел. Амма киналгоги нилъерал рукІинчІолъи загьирлъизейин гьел нилъеда гьоркьоса арал.
20Нужелъе Илагьияб РухІ ГІисадалъун рещтІана, гьединлъидал нужеда кинабго лъала. 21ХІакъабщинаб нужеда лъаларилан гуро дица нужехъе гьаб хъвалеб бугеб, хъвалеб буго нужеда гьеб хІакъабщинабги лъалелъул ва кинаб букІаниги гьереси гьелдасан бижулареблъиги лъалелъул. 22МасихІ гурилан ГІисаде абулев чиги гьерсихъан гурев ватани, гьерсихъан щивха цинги кколев? Гьединав чи ккола Инсудасаги Васасдасаги инкар гьабурав Тажал. 23Васасдаса инкар гьабулевщинав чияс Инсудасаги инкар гьабула. Вас къабул гьавуравщинав чияс Эменги къабул гьавула.
24Авалалдаго нужеда рагІарабщинаб нужелъго цІуне. Авалалдаго рагІарабщинаб нужелъ хутІани, нужги хутІулелха Инсулъги Васасулъги. 25Васас нилъее рагІи кьун буго абадияб гІумру насиблъулилан!
26Нуж къосинаризе къваригІаразул хІакъалъулъин дица гьаб нужехъе хъвалеб бугеб. 27ГІисадалъун рещтІараб Илагьияб РухІ нужелъ хутІулеб бугелъул, нужеда лъицаниги малъизе кколаро. Амма гьеб Илагьияб РухІалъ нужеда кинабго малъулеб бугелъул, гьеб хІакъаб бугелъул ва гьересиги гьелъулъ гьечІелъул, гьелъ малъухъе нуж МасихІгун цолъун рукІа.

 

Аллагьасул лъимал

 

28Гьанже, дир лъимал, МасихІгун цолъун рукІа, гьев рещтІараб мехалда хІинкъичІого рукІине ва гьев вачІаравго намуслъун лъутизе ккечІого рукІине. 29Гьев ритІухъав вукІин лъалев чиясда лъала ритІухъго хьвадулелщиналги Аллагьасул лъимал кколеллъи.

 

3 бетІер

 

1Нилъ Аллагьасул лъимал ругилан абизе ва хІакъикъаталдаги гьеллъун рукІинеги Инсуца нилъее кьун бугеб рокьиялъухъ балагье нуж. Гьаб дуниялалъул гІадамазда Аллагь лъаларелъул, нилъги рикІкІунел гьечІо гьез. 2Гьанже нилъ Аллагьасул лъимал руго, дир хириял, амма щаллъун нилъ рукІинелали жеги загьирлъун гьечІо. Амма нилъеда лъала, МасихІ вачІараб мехалда, нилъ гьесда релълъунеллъи, кинав вугевали гьев нилъеда вихьизе вугелъул. 3Гьев вацІцІадав вугелъул, гьевго гІадин вацІцІалъула гьединаб хьул гьесде лъунщинавги.
4Мунагь гьабулевщинас къанунги хвезабула, къанун хвезаби бугелъулха мунагьги. 5Нужеда лъала МасихІ нилъер мунагьал чуризе гІоло загьирлъаравлъи ва гьесда мунагь гьечІеблъиги. 6Гьесде цолъун вугевщинас мунагь гьабуларо, мунагь гьабулевщинасдаги гьев вихьунги лъанги гьечІо.

 

Нужго къосинаризе гурин

 

7Лъицаниги нужго къосинаризе гурин, дир лъимал: МасихІ ритІухъав вугев гІадин, ритІухъав вукІуна ритІухъабщинаб гьабулевги. 8Мунагь гьабулевги илбисалъул рахъалда вуго, авалалдаса бахъарабго мунагь гьабулеб бугелъул гьеб. Илбисалъул ишал хвезаризейин Аллагьасул Вас загьирлъарав. 9Аллагьасдасан лъугьаравщинас мунагь гьабуларо, гьесулъ Аллагьасул тІабигІат бугелъул. Гьесда мунагь гьабизе кІоларо, гьев Аллагьасдасан лъугьун вугелъул. 10Гьеле гьелдалъун ратІа гьаризе лъала Аллагьасул лъималги илбисалъул лъималги: ритІухъаб гьабуларевщинавги ва жиндирго вац вокьуларевщинавги Аллагьасдасан гуро.

 

Цоцазе рокьа нуж

 

11Авалалдасанго нилъехъе амру бачІун букІиндалха нилъ цоцазе рокьайилан. 12Илбисалда нахъвилълъун жиндирго вац чІварав Къабил гІадин рукІунге. Щай гьес вац чІварав? Гьесул ишал квешал рукІиндал ва вацасул ишалги ритІухъал рукІиндал чІвана.
13Гьединго гьаб дуниялалъе нуж рокьунгутІиялда гІажаиблъуге, вацал. 14Нилъеда лъала нилъ хвалдаса гІумруялде рачІараллъи ва гьебги загьирлъана вацал рокьиялдалъун. Рокьуларев – хвалил кверщаликь хутІула. 15Жиндирго вац вокьуларевщинав ккола чи чІвалев чи. Нужеда лъала чи чІвалев цониги чиясулъ абадияб гІумру хутІулареблъиги.
16Нилъее гІоло гьес жиндирго рухІ кьеялдалъун лъана нилъеда МасихІил рокьи, нилъецаги вацазе гІоло рухІ кьезе ккола. 17Дуниялалъул бечелъи жиндир бугев чиясда жиндирго вац мискинго вихьидал гьев кьурун вуссунев вугони, Аллагьасде рокьи гьесулъ кисаха букІинеб? 18РачІа, дир лъимал, нилъго цоцазе рокьилин, рагІудалъунги кІал-мацІалдалъунги гуреб, ишалдалъунги ва хІакъабщиналдалъунги.
19-20Гьединин нилъеда лъалеб нилъ хІакъабгун рукІин ва гьединин, нилъерго намусалъ нилъеда гІайиб чІвалеб мехалда, Аллагьасда цебе нилъеца ракІалги парахалъизарулел. Аллагь нилъер намусалдаса тІадегІанав вугелъул ва гьесда кинабго лъалелъул! 21Нилъер намусалъ нилъеда гІайиб чІвалеб гьечІони, Аллагьасда цебе нилъер ракІ сородуларо. 22Нилъеца гьесул амрабиги тІуразарулелъул ва гьесие бокьарабги гьабулелъул, щиб гьараниги щола нилъее гьесдасан. 23Гьесул амру буго нилъ гьесул вас ГІиса МасихІида божайилан ва МасихІица нилъеда лъазабураб куцалда цоцазе рокьайиланги. 24Жиндир амру тІубазабулев чи Аллагьас жиндего цолъизавула, живго гьев чигун цолъула. Гьес нилъее кьураб РухІ нилъелъ букІин бихьунин нилъеда лъалеб гьев нилъгун цолъун вугевлъи.

 

4 бетІер

 

РухІазул хІалбихьулеб куц

 

1Аллагьасдасан бачІараб рухІ жиндилъ бугин абуравщинав чиясда божуге, хириял. Гьезул хІалбихье, Аллагьасдасанищ гьел ругелали лъазе. ГІемерал гьересиаварагзаби рахъун ругелъул гьаб дуниялалда. 2Аллагьасдасан гьеб рухІ букІин гьадин лъазе кІола: инсанасул къаркъала-черхгун ГІиса МасихІ ракьалде вачІун вукІин ритІухъ гьабулевщинасулъ буго Аллагьасдасан бачІараб рухІ. 3ГІиса ритІухъ гьавуларевщинав чиясулъ бугеб рухІ Аллагьасдасан бачІараб гуро. Гьеб буго Тажалидасан бачІине бугилан нужеда рагІун букІараб ва гьанже дуниялалде бачІун бугеб рухІ.
4Нуж Аллагьасулал руго, дир лъимал, ва нуж гьел рухІаздаса бергьана. Нужелъ бугеб рухІ гІемерго къудратаб бугелъул гьаб дуниялалъул гІадамазулъ бугеб рухІалдаса. 5Гьел гьаб дуниялалъул гІадамал руго, гьез бицунебщинабги гьаб дуниялалъул гІадамазулаб буго, гьединлъидал гІаламги гьезухъ гІенеккула. 6Нилъ Аллагьасулал руго, Аллагь лъалевав нилъехъ гІенеккула, Аллагьасулав гурев нилъехъ гІенеккуларо. Гьелдалъун батІа гьабизе лъала хІакъикъияб рухІги гьересияб рухІги.

 

Аллагьасдасан бачІараб рокьи

 

7Цоцазе рокьа, хириял, рокьи Аллагьасдасан бачІараб буго, рокьи рекІелъ бугевщинав чи Аллагьасдасан лъугьарав вуго, ва гьесда Аллагьги лъала. 8Рокьи рекІелъ гьечІесда Аллагь лъаларо, Аллагьги рокьи кколелъул. 9Аллагьасул нилъеде бугеб рокьи гьадин загьирлъана: гьес жиндирго цохІого вугев Вас дуниялалде витІана гьесдалъун нилъеца гІумру гьабизе. 10Гьеле гьелъулъ буго рокьи – Аллагь нилъее вокьиялъулъ гуреб, гьесие нилъ рокьиялъулъ ва нилъер мунагьал чуризе къурбанлъун гьес жиндирго Вас витІиялъулъги. 11Аллагьасе нилъ гьедин рокьулел ругеб мехалда, нилъ цоцазеги рокьизе ккола, хириял. 12Аллагь лъиданиги киданиги вихьичІо, амма нилъ цоцазе рокьани, Аллагь нилъелъ хутІула ва гьесдасан бачІараб рокьиги нилъелъ камиллъула.
13Нилъ гьесулъ хутІиги ва гьев нилъелъ хутІиги нилъеда лъала гьес жиндасанго нилъехъе РухІ битІун бачІиналдалъун. 14ГІалам хвасар гьабизе бокьун, жиндирго Вас Инсуца витІаравлъи нижеда бихьана ва нижеца гьелъие нугІлъиги гьабула. 15ГІиса Аллагьасул Вас вукІин ритІухъ гьабулев чиясулъ Аллагь хутІула ва Аллагьасулъ гьевги хутІула. 16Нилъеда лъалеб буго Аллагьасе нилъ рокьулеллъи ва гьелда божаралги руго нилъ. Аллагьги рокьи ккола, рокьи рекІелъ хутІулев чи Аллагьасулъги хутІула, ва гьесулъ Аллагьги хутІула. 17Гьедин нилъеда гьоркьоб рокьи камиллъана, къиямасеб къоялдаса хІинкъичІого рукІине. Гьаб дуниялалда нилъги МасихІида релълъун ругелъулха! 18Рокьи бугелъуб хІинкъи букІунаро, камилаб рокьиялъ хІинкъи къватІибе гъола, щайгурелъул гІадамал хІинкъулеб жо тамихІ бугелъул. ХІинкъарасулъ рокьи камиллъуларо.
19Нилъее Аллагь вокьула, тІоцерего гьесие нилъ рокьидал. 20Дие Аллагь вокьулинги абун, жиндирго вац рихарав чи гьерсихъан вуго. Жиндаго вихьулев вац вокьуларев чиясе вихьуларев Аллагь вокьизе рес гьечІелъул. 21Нилъее МасихІидасан амру буго Аллагь вокьулесе гІадамалги рокьизе кколилан.

 

5 бетІер

 

Дуниялалда тІад бергьенлъи босула

 

1ГІиса МасихІлъун вукІиналда божаравщинав чи Аллагьасдасан лъугьарав вуго. Жинца гьавурав вокьулевщинасе жив гьавуравги вокьула. 2Нилъее Аллагь вокьиялдалъунги ва гьесул амраби тІуразариялдалъунги лъала Аллагьасул лъималазде нилъер рокьи. 3Аллагьасде рокьи кколелъулха гьесул амраби нилъеца тІуразари. Гьесул амраби захІматал гьечІо. 4Аллагьасдасан лъугьаравщинав дуниялалдаса бергьуна! Дуниялалда тІад босараб бергьенлъи – гьеб ккола нилъер божи-иман. 5ГІиса Аллагьасул Вас вукІиналда божарав чиясда гурони, цоги лъидаха кІвелеб дуниялалда тІад бергьенлъи босизе!
6ГІиса МасихІин вачІарав лъимгун ва бигун, цохІо лъимгун гурев, лъимгун ва бигун вачІана гьев. Гьелъие РухІалъ нугІлъи гьабула, РухІ хІакъаб бугелъул. 7Лъабго нугІги бугелъул: 8РухІги, лъимги, биги. Гьеб лъабабгоги цойихъан руго. 9ГІадамазул нугІлъицин нилъее гІолеб бугеб мехалда, Аллагьасул нугІлъи дагьабги кІудияб буго. Аллагьасул нугІлъиялъул магІна ккола жиндирго Васасул хІакъалъулъ гьес жинцаго нугІлъи гьабулеб букІин. 10Аллагьасул Васасда божулесулъ жиндилъго буго гьеб нугІлъи. Аллагьасда божуларев чияс Аллагь гьереси гьавулев вуго, жиндирго Васасул хІакъалъулъ Аллагьас гьабураб нугІлъиялда гьев божичІелъул. 11Аллагьас нилъее кьураб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъги буго гьеб нугІлъи. Гьесул Васасулъин гьеб гІумру бугеб. 12Аллагьасул Васгун цолъарав чиясе гІумру буго, гьевгун цолъичІесе гІумру гьечІо.

 

Ахирисел насихІатал

 

13Аллагьасул Васасда божулел нужехъе дица гьаб хъвана нужее абадияб гІумру насиблъун бугеблъи лъан букІине. 14Аллагьасда цебе нилъее хІинкъи гьечІолъи сундалъунха лъалеб? Гьесул изнуялдалъун нилъеца щиб гьараниги, гьесда гьеб рагІула. 15Нилъеца гьарарабщинаб гьесда рагІулеб букІин нилъеда лъани, нилъеда лъала гьарарабщинаб гьесдасан щвезе букІинги.
16Хвалде рачунеб хутІун, цогидаб мунагь вацас гьабулеб бихьани, гьесул рахъалъ дугІа гьабе, ва Аллагьас гьесие абадияб гІумру кьела. (Хвалде рачунебги буго мунагь; гьелъул рахъалъ дугІа гьабиялъул гуро дица бицунеб бугеб. 17Кинабго квешлъи гьаби мунагь ккола, амма хвалде рачунареб мунагьги букІуна.)
18Аллагьасдасан лъугьарас мунагь гьабулареблъи лъала нилъеда, Аллагьасул васас гьев цІунулелъул! Илбисалдаги кІоларо гьесда хъатІизе. 19Нилъеда лъала нилъ Аллагьасдасан лъугьун ругеллъи ва тІолабго дуниялги илбисалъул кверщаликь бугеблъи. 20Нилъеда лъала вачІун Аллагьасул Васас нилъее ХІакъав лъазе гІакълу кьураблъиги. Нилъги руго ХІакъавгун ва гьесул Вас ГІиса МасихІгун цолъун. Гьев вуго хІакъав Аллагь ва абадияб гІумру.
21Гьересиаллагьзабаздаса цІуне, дир лъимал, нужго!

 

Иоаннил кІиабилеб кагъат

«Иоаннил кІиабилеб кагъат» хъван буго къадру-къимат бугей цо христианалъухъе ва гьелда малъулеб буго гьересинасихІатчагІаздаса цІунейилан.

 

 

Саламалъул рагІаби

 

1Иман лъуразул агьлуялъул бетІерасдасан – тІаса йищарай бикаде ва гьелъул лъималазде, дие жал хІакълъунго рокьулел, дие гурелги, хІакъабщинаб лъалел киназегоги рокьулел. 2Гьеб хІакъабщинаб нилъелъ буго ва гьеб абадиялъго нилъгун хутІизеги буго. 3Эмен – Аллагьасул ва Инсул Вас ГІиса МасихІилги баркатги, цІобги, саламги лъеги нилъеда ва хІакъабщинабги рокьиги нилъгун хутІаги.

 

ХІакъабщинабги рокьиги

 

4Дун цІакъ вохана дур цо-цо лъимал Инсул амруялда рекъон хІакъабщинабгун хьвадулел ратидал. 5Гьанже дун дуе цІияб амру хъвалев гьечІо, хирияй бика. Амма дица дуда гьарулеб буго нилъ цоцазе рокьейилан авалалдасанго букІараб амру тІубазабеян. 6Аллагьасул амруязда рекъон хьвадулел руго нилъ – гьеле гьелъулъ буго гьеб рокьиги. Авалалдасанго нужеда лъазабун букІараб амруялъ абулеб буго нуж цоцазде рокьигун хьвадейилан.
7Инсанасул къаркъала-черхгун ГІиса МасихІ ракьалде вачІун вукІинчІилан абулел гІемерал гьерсихъаби рачІун руго дуниялалде. Гьедин абурав чи ккола гьерсихъанги МасихІил тушманги. 8Воре, нужеца захІмат баччарабщинаб билизе-тІагІине биччаге, нужеего щвезе кколеб кири дагьлъизе гурин. 9МасихІил насихІаталъ жанибе бачаралдаса къватІивехун лъугьуневщинав чи Аллагьасде цолъуларо. Гьенив жанив чІаравщинав чи Эменгун цолъула, Васгунги цолъула. 10Гьединаб насихІат гьабуларев чиясе гьоболлъиги гьабуге нужеца ва нужерго къавулъе къазеги виччаге. 11Гьев къавулъе виччаравщинавги ккола гьесул квешал ишазул гІахьалчи.

 

Рихьилилан хьул буго

 

12Нужехъе хъвазе жо гІемер букІаниги, гьанже кагъатги щакъиги нахъе лъезе хиял ккана дир. Дир хьул буго нужехъе вачІине ва, цоцазул кІал бихьун, кІалъа-ралъазе. Гьелдалъун нилъер рохелги гьарзалъила.
13Аллагьас тІаса йищарай дур яцалъул лъималазулги буго дуде салам.

 

Иоаннил лъабабилеб кагъат

«Иоаннил лъабабилеб кагъат» хъван буго иман лъуразул жамагІаталъе бетІерлъи гьабулев Гай абурав чиясухъе. Гьев веццулев вуго иман лъуразе кумек гьабулеб бугилан. Малъулеб буго Диотреф абулев чиясдаса цІунейилан.

 

 

Саламалъул рагІаби

 

1Иман лъуразул агьлуялъул бетІерасдасан – хІакълъунго дие вокьулев дир хирияв Гайиде.
2Дица Аллагьасда гьарулеб буго, дир хирияв, дур рухІ лъикІ бугеб гІадин, сундулъго мун лъикІ тагийилан ва дуе сахлъи кьегийилан. 3ХІакъабщиналъе мун ритІухъго чІун вугилан ва хІакъабщинабгун хьвадулевги вугилан гьанире рачІарал вацаз бициндал, дун цІакъ вохана. 4Дир лъимал хІакъабщинабгун хьвадулел ругилан рагІиялдаса кІудияб рохел гьечІо дие.

 

Гай веццулев вуго

 

5Вацазе ва хасго нухлулазе дуца квербакъулеб букІиналъулъ буго, дир хирияв, дур ритІухълъи. 6Иман лъуразул агьлуялъе гьез нугІлъи гьабуна жалги дуе рокьулилан. Аллагь разилъулеб хІалалда дуца гьел нухда регІани, дур лъикІаб иш букІина гьеб. 7Иман лъечІезухъа щибниги босичІого, МасихІил цІаралъе гІоло нухда рахъун ругелъулха гьел. 8Гьединлъидал гьединал гІадамазда квер чІвазе ккола нилъеца, гьелгун цадахъ лъугьун хІакъабщиналъе гІоло хІалтІизе.

 

Диотрефил квешал ишал

 

9Дица иман лъуразул агьлуялъухъе хъван букІана гьелъул хІакъалъулъ, амма гьениб цевехъанлъи бокьулев Диотрефица ниж рикІкІунел гьечІо. 10Гьединлъидал, дун гьениве вачІани, дица загьир гьабила нижеда гьес лъун букІараб бугьтан. Ва гьеб гІечІелъубе, гьес жинцагоги инкар гьабулеб буго нухда ругел вацал къабул гьаризе, къабул гьаризе бокьараздаги биччалеб гьечІо ва иман лъуразул агьлуялда гьоркьоса гьел нахъе гъолел руго.
11Дир хирияв, квешлъиялдаса гуреб, лъикІлъиялдаса босе мисал. ЛъикІлъи гьабулевав ккола Аллагьасдасан лъугьарав, квешлъи гьабурасдаги Аллагь вихьичІо.

 

Деметрийил лъикІал ишал

 

12Деметрийил хІакъалъулъ киназго нугІлъи гьабуна, хІакъабщиналъгицин гьабуна гьесул хІакъалъулъ нугІлъи. Нижецаги гьабулеб буго гьеб нугІлъи, дудаго лъалаха нижер нугІлъи ритІухъаб букІунеблъи.

 

КватІичІого рихьила

 

13Духъе хъвазе жони гІемер бугоан, амма щакъи-къаламалъ хъваралда гІей гьабизе бокьун гьечІо. 14Дир хьул буго кватІичІого мун вихьизе ва, цоцазул кІал бихьун, кІалъа-ралъазе.
15Вассалам. ЦІар-цІарккун рехсечІониги, гьудулзабазулги буго дуде салам.

 

Ягьудал кагъат

ГІага-шагарго нилъер эраялъул І гІасруялъул 70 соналде гьаб кагъат хъварав Ягьуда, Якъуб чапарго гІадин, ГІиса МасихІил вац вукІанин рикІкІуна. Иман лъуразда Ягьудаца малъулеб буго Аллагьасул амруял гІадахъ росуларел ва иман лъуразул жамагІаталъул бутІрузе мутІигІлъуларел гІадамаздаса цІунейилан.

 

 

Саламалъул рагІаби

 

1ГІиса МасихІил лагъ ва Якъубил вац Ягьудал рахъалдасан Аллагьас тІаса рищаразде, Эмен – Аллагьасе рокьулезде ва ГІиса МасихІица цІунун ругезде салам. 2Рекъелги, рокьиги ва Аллагьасул цІобги цІикІкІаги нужее.

 

Гьереси тІибитІизабулел гІадамал

 

3Дица хІаракат бахъана, дир хириял, нилъее насиблъараб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ хъвазе. Гьаб кагъат хъвачІого рес букІинчІо, цохІо нухалъ Аллагьасул халкъалъе кьураб дин цІунун цІидасан къеркьейилан гьаризе кколеб бугелъул. 4Аллагьас суд гьабизе жидее къадар бугел цо-цо мунапикъзаби рорчІун руго нилъеда гьоркьоре. Аллагьас цІоб лъеялъул Рохалил хабар гьез хисизабулеб буго, жидерго пасалъи ритІухъ гьабизе. Гьез инкар гьабулеб буго ГІиса МасихІидаса – цохІо вугев нилъер ТІадегІанав ПарччахІасдаса. 5Нужеда гьеб кинабго лъалеб бугониги, дие бокьун буго нужеда ракІалде щвезабизе Мисриялда букІараб ГІизраилалъул халкъ Аллагьас цо нухалъ хвасар гьабунин. Цинги жинда божичІелщинал хвезарула гьес. 6Жидее цІан букІараб хІуччдаса церехун арал ва жалго руссараб бакІги рехун тарал малаикзаби гьес абадиял рахсаца рухьун гъора бецІлъуда чІезарун руго, гьезие суд гьабулеб кІудияб къо бачІинегІан. 7Нужеца ракІалде щвезабе СодомгиГоморраги ва гьезда сверухъ рукІарал шагьаралги: гьезги хъахІбалъи гьабуна, гІадаталдаса бахъараб къагІидаялъ цогидаб хъублъиги гьабуна. Цогидазеги дарслъун букІине, гьезие тамихІлъун лъугьана абадияб цІа. 8Доздаго релълъун гьел мунапикъзабазги жалго хъублъизарулел руго, гьелъие изну Аллагьасдасан рещтІаниланги абун. Аллагьасул амруги рикІкІунеб гьечІо гьез, малаикзабиги какулел руго. 9ТІадегІанав малаик МикагІилги илбисги Муса аварагасул жаназа сабаблъун дагІбадизе ккараб мехалъ, илбисалда гІайиб чІван квешаб рагІи абичІо гьес, «БетІергьанас чІезабилин мунилан» гурони. 10Гьел гІадамазин абуни жидедаго бичІчІулареб-лъалареб жо какулеб буго. МацІ лъалареб хІайваналъул гІадаб гІакълуялдалъун жидедаго бичІчІулеб бугелъ ахирги хвалде рачина гьел. 11Балагьги гІазабги гьезие! Къабилил нухдасан унел руго гьел. Жидерго хъантІиялъ БилгІамил гъалатІалда нахърилълъунел руго. КъорахІил гІадинаб питнаялъ хвезарулел руго. 12Аллагьасе тІагІатги гьабун цадахъ кваназе нуж гІодор чІараб бакІ, намус гьечІого ханчІон, хъублъизабула гьез. Гьел руго жидерго гурони агъаз гьечІел, гьороца хъамун ун, цІадае данделъуларел накІкІал гІадин, хасалихъе тІамах гъарал, тІад пихъги бижуларел, кьалбалги ракъварал гъутІби гІадинал ва кІицІулго хварал гІадинал гІадамал. 13Гьел релълъуна гьалаглъараб ралъдада жидер инжитлъиялъул полоп тІад барал карачалабазда, абадияб бецІлъуде рехизе хІукму жидее хІадурун бугел, низам гьечІого хьвадулел цІвабзазда. 14Адамил анкьабилеб кьералдасан вахъарав Энохица цебеккунго гьезул хІакъалъулъин бицунеб букІараб: «Гьале, БетІергьан вачІунев вуго аза-азар малаикзабигун цадахъ 15киназего суд гьабизе. ВачІунев вуго Аллагьасде гІасилъун гьез гьарурал киналго гІасиял ишазухъ ва дандечІун абурал киналго гІасиял рагІабазухъ гьезул щивав чиясе тамихІ гьабизе». 16Цогидал какун кидаго зигардулел рукІуна гьел, чорхол гьаваялъ малъухъе хьвадула, гІадамазда цере чІухІдарула ва, жидерго мурадалде щвезе, бадибе рецц гьабула.

 

Нужерго динги цІунун, щулаго чІезе ккола!

 

17Нужеца, дир хириял, ракІалде щвезабе хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил чапарзабаз щиб бицунеб букІарабали. 18Гьез нужеда абулеб букІинчІищ ахирзаманалда рахъине ругин намус гьечІел ва Аллагьасде гІасиял жидерго къасдазда хадур унел гІадамал? 19Гьел руго жидеца рикьи ккезабулел, мунагьаб напсалъе мутІигІлъулел ва Илагьияб РухІ жиделъ гьечІел гІадамал. 20Нуж, дир хириял, щулаго чІа, нилъер бацІцІадаб динги цІунун. Илагьияб РухІалдалъун гьари-дугІа гьабе. 21Аллагьасе рокьулел рукІинги лъан, цІуне нужго. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ рещтІиналъухъ ралагьун чІа, жиндирго цІобалдалъун гьес нужее абадияб гІумру кьела. 22Васвасалда ругездаги гурхІа нуж. 23Цоял жужахІалъул цІадудаса хвасар гьаризе ккела нужеца. Цогидазда гурхІизе ккела, амма мунагьаз хъублъизабураб гьезул ратІлида хъвазегицин Аллагьасукьа хІинкъа нуж!

 

Кагътил ахир

 

24Жиндирго къудрат загьир гьабулеб заманалда къосиналдасаги хъублъиялдасаги цІунун, нуж рохизаризе кІолев 25ва ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ хвасар гьарулев Цо вугев Аллагьасе рецц! Гьесул къуватги хІалкІолъиги кІудияб буго цебеги, гьанжеги ва абадул абадиялъги. Амин!

 

Иоанние Аллагьас загьир гьарурал ишал

Иоанние Аллагьас загьир гьарурал ишал

 

«Иоанние Аллагьас загьир гьарурал ишал» – гьеб буго Библиялъул бичІчІизе захІматаб бутІа. Гьеб хъвараб заманги мухІканго лъалеб гьечІо – гІага-шагарго нилъер эраялъул І гІасруялъул ахиралда яги ІІ гІасруялъул авалалда хъван батилин тола. ГІиса МасихІиде гьез иман лъун букІин сабаблъун, гьеб заманаялда хадур лъугьун, христианазе, гІакъуба кьолеб букІана. Гьединлъидал гьезие хІажат букІана ракІбатизабиги гьенир кколел ругел лъугьа-бахъиназул балъгояб магІна загьирлъиги. Грек мацІалда гьаб тІехьалда цІар буго «Апокалипсис», ай инсанияталъул тарихалъул магІна сипатаздалъун бихьизаби. БатІи-батІиял сипатаздаса ва гІаксахун бициналдаса пайдаги босун, тІехьалда бихьизабулеб буго дуниялалда лъикІлъиялдаги квешлъиялдаги гьоркьоб бугеб къеркьей, гІадамазул мунагьал сабаблъун тамихІалъе халкъалде рещтІунеб балагь-гІазаб. Бицунеб буго ГІиса МасихІ кІиабизеги дуниялалде вачІинегІан ва Аллагьас халкъалъе ахирисеб суд гьабизегІан иман лъураз хІехьезе кколел къварилъабазул хІакъалъулъги.

 

1 бетІер

 

ГІиса МасихІидалъун загьирлъарал ишал

 

1КватІичІого ккезе бугелъул хІакъалъулъ жиндирго лагъзадерида лъазабизе Аллагьас ГІиса МасихІидалъун загьир гьарурал ишазул бицунеб буго гьаб тІехьалда. Гьесги гьел ишал, малаикги витІун, жиндирго лагъ Иоанниеги загьир гьаруна. 2Иоанница нугІлъи гьабула жиндаго бихьанщиналъе – Аллагьасул рагІиялъе ва МасихІ ГІисаца загьир гьабурабщиналъеги. 3Гьардарал гурелдай Аллагьасдасан рещтІараб гьеб калам рагІун цІаларавги, гьелъухъ гІенеккаралги, жидеца гьеб каламалъул амруял тІуразаруралги. Гьаб тІехьалда бицунеб бугебщинаб лъугьине заман щолеб бугелъулха!

 

Саламалъул рагІаби

 

4Асия улкаялда ругел иман лъуразул анкьабго жамагІаталде Иоаннил рахъалдасан салам.
Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьасул, гьесул тахалда цеве вугев анкьавго кІудияв малаикасул 5ва ритІухъав нугІлъунги вугев, хваралъусаги тІоцеве вахъунев дуниялалъулго ханзабазул парччахІ ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда.
Гьесие нилъ рокьула, жиндирго биялдалъун нилъ гьес нилъер мунагьаздаса рацІцІад гьаруна, 6жиндирго Инсул – Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинарун, гьес нилъ жиндирго парччахІлъиялде рачана. Абадул абадиялъ даимлъаги гьесул хІалкІолъиги къудратги! Амин.
7Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.
8Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьас – Къудратав БетІергьанас.

 

ГІадамил Лъимада релълъарав чи

 

9Дун вуго, ГІисадехун цолъун, нужеда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе сабру бугев ва гьелдалъун Аллагьасул парччахІлъи насиблъизе бугев нужер вац Иоанн. Аллагьасул рагІи тІибитІизабуралъухъ ва ГІиса МасихІие нугІлъи гьабуралъухъ тамихІалъе дун витІана Патмос абулеб чІинкІиллъиялде. 10ТІадегІанасул къоялъ[1]Илагьияб РухІалъ асар гьабуна дие – мугъзада нахъасан ахІулеб рагІана: 11«Дуда бихьулеб бугеб жо тІанчазда хъвай ва иман лъуразул анкьабго жамагІаталде: Эфесалде, Смирнаялде, Пергамалде, Тиатираялде, Сардисалде, Филадельфиялде ва Лаодикеялде битІе».
12Дун нахъехун вуссана, дида рагІулеб бугеб гьаракь лъилали лъазе. Нахъехун вуссиндал, дида бихьана анкьго меседил чирахъ. 13Гьел чирахъазул бакьулъ вугоан ГІадамил Лъимада релълъарав чи. Гьесда тІад букІана хІатІазде щвараб гІаба ва карандасан борчун букІана меседил рачел. 14Квас кинигин хъахІаб букІана гьесул ботІрол рас. Бералги цІалъун кенчІолел рукІана. 15ЦІадаб биунеб бугеб мазгаралда релълъун рукІана хІатІал. Лъадал кІудияб чвахелоялъул гІадинаб букІана гьаракьги. 16Гьесул кваранаб хъатикь букІана анкьго цІва. Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъунаан кІибалаб ва рекІараб хвалченалда. Къалъул гІужалда бакъ гІадин гвангъун букІана гьесул гьумерги.
17Хварав чи гІадин, гьесул хІатІазда цеве гІодов ккана дун, гьесда бер чІварабго. Кваранаб кверги дида тІад лъун, гьес абуна: «Мун хІинкъуге. Дун тІоцевесевги ахирисевги вуго. 18Дун чІагояв вуго. Хун вукІарав дун гьале абадул абадиялъего чІаголъун вуго. Дихъ буго хвалилги хварал ругеб бакІалъулги кІул. 19Дуда бихьизабурабщинаб – гьанже ккарабги ва хадуб ккезе бугебги – хъвай дуца. 20Дир кваранаб хъатикь дуда бихьулеб анкьго цІваялъулги анкьго меседил чирахъалъулги балъголъи гьадинаб буго: анкьго цІва ккола иман лъуразул анкьабго жамагІаталда вугев чапар, анкьго чирахъги ккола гьеб анкьабго жамагІат».

 

2 бетІер

 

Эфесалда ругел иман лъуразул агьлуялде хитІаб

 

1Эфесалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Анкьго цІва кваранаб хъатикь ккурас, анкьго меседил чирахъалда гьоркьосан хьвадулев вугес гьадин абулеб буго: 2Дида лъала дур ишалги, дур захІматаб хІалтІиги, дур сабруги. Дида лъала нужедаго гьоркьоре квешал гІадамал дуца риччалареблъи. Дуца хІалбихьана жал чапарзаби ругилан абулезул (гьел дир чапарзаби гурелха!), ва дуда гьел гьерсихъаби ратана. 3Дуца сабру гьабула, дир цІар сабаблъун гІемераб къо хІехьана дуца, амма гьелъ дур тату хвезабичІо.
4Цо бадибчІвайги бугебха дуе гьабизе. Доб цебе букІараб рокьи дур рекІелъ хутІун гьечІо. 5Гьединлъидал ракІалде щвезабе гІодове вортизегІан мун кинаб борхалъиялда вукІаравали. Тавбу гьабе дуца. Дол тІоцере гьарулел рукІарал ишалги гьаре. Дуца гьедин гьабичІони, вачІун гьенивегун, бугеб бакІалдаса добегІан хъурщизабила дица дур чирахъ, – дуца тавбу гьабизегІан. 6Амма дулъ цо лъикІлъиги буго – дуе рокьуларо николаитазул ишал, диеги гьел цІакъ рихарал руго.
7ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе дица Аллагьасул алжаналъуб бугеб гъотІодаса пихъ кьела».

 

Смирнаялда ругел иман лъуразул агьлуялде хитІаб

 

8Смирнаялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «ТІоцевесес ва ахирисес, хун вукІун чІаголъарас гьадин абулеб буго: 9Дида лъала дуе бугеб гІакъуба-къварилъиги, дур мискинлъи-язихълъиги, – хІакъикъаталда мун бечедав вугевха. Дида лъала Аллагьасул халкъин жидедаго абулезул мацІги бугьтанги, – амма гьеб Аллагьасул халкъ гуро, илбисалъул агьлу буго. 10Дуца хІехьезе ккезе бугелдаса хІинкъуге мун. Гьале илбисалъ, нужер хІалбихьизе, цо-цо чи туснахъалде рехила. АнцІго къоялъ букІина нужее гьеб къварилъи. Холев вугониги, божи-иман рехун течІони, дуе шапакъатлъун абадияб гІумру кьела дица.
11ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе кІиабилеб хвалица щибго зарал гьабиларо».

 

Пергамалда ругел иман лъуразул агьлуялде хитІаб

 

12Пергамалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «КІибалаб ва рекІараб хвалчен бугес гьадин абулеб буго: 13Кинаб бакІалда мун вугевали лъала дида, илбисалъ жиндирго тах лъураб бакІалда вуго мун. Амма дир цІар цІакъ лъикІ цІунулеб буго дуца. Нужер гьенив – илбисалъул чІей бугеб бакІалда – дие нугІлъи гьабурав, дир цІакъго божарав чи Антипа чІвараб мехалдагицин, дида божун, дидаса инкар гьабичІо дуца.
14Дуе бадирчІваял гьаризе кколел ишалги ругелха. Дуца аскІоре риччалел руго БилгІамил дин босарал гІадамал. Исраилил халкъ къосинабизе бокьун, гьев БилгІамицайин Балакида малъун букІараб гьересиаллагьзабазе гІоло къурбаналъе кьураб жо кваназе ва хъахІбалъи гьабизе. 15Дур гьенир руго николаитазул дин ккурал гІадамалги. 16Гьединлъидал тавбу гьабе. Тавбу гьабичІони, кватІичІого дун духъе вачІина ва дирго кІалзул хвалчаца вагъила гьелгун.
17ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали. Бергьарасе балъгояб нигІмат кьела дица, хъахІаб гамачІги кьела. Гьеб ганчІида хъван букІуна, жиндие щварав чиясда гурони, лъиданиги лъалареб цІияб цІар».

 

Тиатираялда ругел иман лъуразул агьлуялде хитІаб

 

18Тиатираялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул Васас – цІа гІадин берал кенчІолел ругес ва цІадаб биунеб мазгаралда релълъарал хІатІал ругес – гьадин абулеб буго: 19Дида лъала дур ишалги, рокьиги, божи-иманги, тІагІат-гІибадатги, дур сабруги, дол тІоцере рукІараздаса дур ишал гьанже цІикІкІун ругеллъиги лъала.
20Дуе бадибчІвай гьабизе жоги бугебха. Аллагьасул балъголъи загьир гьабизе лъалилан чІарай Иезабел абулей гІаданалъ дир лагъзал гуккизе риччалел руго дуца. ХъахІбалъи гьабизе ва гьересиаллагьзабазе къурбаналъе кьураб жо кваназе малъулеб буго гьелъ гьезда. 21Тавбу гьабизе заман кьун букІана дица гьелъие. Амма гьелъие бокьичІо жиндирго хъублъи рехун тезе. 22Балагьея, хъубал ишалги рехун тун, тавбу гьабизегІан, дица гьей унтул бусаде рехила, гьелда цадахъ къосун рукІараздеги балагь рещтІинабила. 23Гьелъул лъималаздеги хвел тІаде тІамила дица. Гьебмехалда киналго жамагІатазда лъала тІул-ракІалда бугебщинабгицин бихьулев чи дун вукІин. Нужер щивасул ишазда рекъон кьела дицаги щивав чиясе. 24Божи-имангун Тиатираялда хутІарал нужеца дозул дин босичІо ва илбисалъул балъголъийилан доз абулеб жоялъулги хІалбихьичІо. Нужер мугъзада цІияб гьир баччизабиларо дица. 25Амма нужехъ бугебаб щулаго ккве, дун гьениве вачІинегІан.
26Дие гІоло ахиралде щвезегІан захІмат баччун бергьарасе дица кьела халкъазда тІад кверщел. 27Инсухъа дие кверщел щвараб гІадин, гьесухъеги щвела, маххул тІилица цере къотІун, гьел рехъаде рачине ва, щагІил хъуби кинигин, гъуризе кверщел. 28Ва дица гьесие кьела рогьалил цІва. 29ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».

 

3 бетІер

 

Сардисалда ругел иман лъуразул агьлуялде хитІаб

 

1Сардисалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул анкьго кІудияв малаик жинда аскІов вугес, жиндихъ анкьго цІваги бугес гьадин абулеб буго: Дида лъала дур ишал. Дур рахъалъ абулеб буго мун чІаго вугилан, амма хун вугевха мун. 2Макьидаса вигьа ва дулъ хвечІого хутІараб, амма кватІичІого хвезе бугебщинаб щулалъизабе – дур ишал щвалде щвараллъун рихьулел гьечІо дир Аллагьасда. 3ХІасил, духъе щварабги ва дуда рагІарабги ракІалде щвезабе, гьеб цІуне ва кантІе. Мун вигьинчІони, цІогьор гІадин вачІина дун, ва дуда лъазе гьечІо дун кида духъе вачІиневали.
4Амма дур гьенив Сардисалда вуго ретІел хъублъизабичІев чанго чи, гьел дида цадахъ хъахІаб ратІлилъ хьвадизе руго, гьелъие мустахІикъал ругелъул. 5Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе. 6ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».

 

Филадельфиялда ругел иман лъуразул агьлуялде хитІаб

 

7Филадельфиялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жив вацІцІадас, Жив хІакъас, Давуд парччахІасул кІул кодоб бугес (гьес ричІараб лъиданиги рахазе кІоларо, гьес рахараб лъиданиги ричІизеги кІоларо) гьадин абулеб буго: 8Дида лъала дур ишал. Балагьея, дица дуда цебе нуцІа рагьана, лъиданиги кІоларо гьеб къазе. ЗагІипав чи вукІаниги, дир рагІи цІунана дуца ва дир цІаралдаса инкарги гьабичІо. 9Балагьея, дица духъе кьела илбисалъул агьлуялда гьоркьоса цо-цо чагІи. Гьез абула жал ругин Аллагьасул халкъ, (амма гьел Аллагьасул халкъ гуро, гьерсихъаби руго). РачІун дур хІатІазда цере накабазда чІезе тІамила дица гьел, ва гьебмехалда лъала гьезда мун дие вокьулевлъи. 10Сабру гьабейилан бугеб дир амру дуца цІунидал, дицаги цІунила мун, – ракьалда ругезул хІалбихьизе тІолабго дуниялалде балагьалъул къо бачІараб мехалъ.
11Дун кватІичІого вачІина. Дуе щвараб шапакъат вачІун лъицаниги бахъичІого хутІизе, духъго бугеб щулаго ккве. 12Бергьаравги дица гьавила дирго Аллагьасул кІалгІаялъул хІубилъун. Гьев тІокІав киданиги гьениса къватІиве лъугьинаро. Дица гьеб хІобода хъвала дирго Аллагьасул цІар, дирго Аллагьасул шагьаралъул – дир Аллагьасдасан зодисан рещтІине бугеб цІияб Иерусалималъул – цІар ва дирго цІияб цІарги. 13ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».

 

Лаодикеялда ругел иман лъуразул агьлуялде хитІаб

 

14Лаодикеялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жинда божизе бегьулес, РитІухъав ва ХІакъав нугІас, Аллагьас бижанщиналъул аваллъун вугес гьадин абулеб буго: 15Дида лъала дур ишал. Дулъ я бухІи гуро, я цІорой гуро. Дулъ бухІиниги цІоройниги букІарабаниха! 16Хинлъи гурони, дулъ я бухІи, я цІорой гьечІелъул, дица мун дирго кІалдиса къватІиве тун рехила. 17Дуца абулеб буго мун бечедго вугин, цІакъго ресалда вугин ва сундениги хІажалъунги гьечІин. Дуда бичІчІулеб гьечІо мун талихІ къосарав, хІакъирав, пакъирав, бецав ва гІицІав чи вукІин. 18Дица дуе гІакълу кьела дихъа бичун босейин цІаялъ бацІцІад гьабураб месед – мунго бечелъизе; дихъа бичун босейин хъахІаб ретІел – дурго инжитаб гІицІлъи бахчизе; дихъа даруги бичун босейин – дурго бадиб бахине. Гьебмехалда канлъи бихьила дуда. 19Диего рокьулезда гІайибги чІвала дица, тамихІги гьабула. Гьединлъидал дуца хІаракат бахъе ва тавбу гьабе.
20Гьале нуцІихъе вачІун вуго дун, заруца бухулеб буго дица гьеб! Дир гьаракь рагІун нуцІа рагьарасухъе гьоболлъухъ ина. Цинги цадахъ гІодор чІун дунги гьевги квана-гьекъела!
21Дун бергьиндал дир Инсуца дунги жиндирго тахида тІад гІодов чІезавурав гІадин, дицаги бергьарав дидаго аскІов дирго тахида гІодов чІезавила. 22ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали».

 

4 бетІер

 

Зобалазул тахги гьелда гІодов чІаравги

 

1Гьелдаса хадуб дун вала-гъалагьана. Гьале зобалазда буго рагьараб нуцІа. Трубаялъул гІадаб кутакаб, доб дида кІалъалеб рагІараб гьаракьалъ абуна: «Гьаниве тІаде ваха, дица дуда бихьизабила хадуб щиб ккезе бугебали». 2Илагьияб РухІалъ асар гьабун, гьебсагІатго дида цебе тІамуна гьадинаб сурат. Гьале дида цере руго зобалазул тахги гьелда гІодов чІаравги. 3ГІодов чІарасул гьумер гвангъун букІана яшмаялда ва сардисалда релълъун, гьесул тахалда тІад чІун букІана изумрудалъулкьераб нур. 4Гьеб тахалда сверунги букІана жеги къоло ункъо тах. Тахазда гІодор чІун рукІана къоло ункъо хІаким. Гьез ретІун букІана хъахІаб ретІел, ботІрода букІана меседил таж. 5Доб тахалдасан пири пирхулеб букІана, кутакал гьаркьалги гъугъадиги рагІулеб букІана. Тахалда цебе рекІун букІана анкьго чирахъ – Аллагьасул анкьго кІудияв малаик. 6Гьелда цебе бацІцІадаб цІорол гІадинаб ралъад бугилан кколеб букІана.
Тахалъул ункъабго рахъалда букІана цереги нахъаги гІемерал берал ругеб ункъо рухІчІаголъи. 7ТІоцебесеб рухІчІаголъи гъалбацІалда релълъараб букІана. КІиабилеб – оцода релълъараб букІана. Лъабабилелъул гьумер инсанасул гІадинаб букІана. Ункъабилеб релълъун букІана боржун унеб цІудуда. 8Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!»
9Тахида гІодов чІарасе, абадул абадиялъ чІагоясе гьел рухІчІаголъабаз рецц гьабула, гьесул къудраталъул бицуна, гьев кІодо гьавула. Гьебго заманалда 10къоло ункъавго хІаким кІалагъоркье речІчІула тахида гІодов чІарасда цере ва абадул абадиялъ чІагоясе сужда гьабула. Тахалда цере жидерго тажалги лъун, гьез абула: 11«Мун нижер БетІергьан Аллагь, кинабго жо дуца бижидал, кинабго дуе бокьухъе бижун бугелъул, мун мустахІикъав вуго дуе рецц гьабизеги, къудратав ва хІалкІояв вугилан абизеги».

 

5 бетІер

 

Кагъатги КьегІерги

 

1Тахида гІодов чІарасдаса кваранидехун дида бихьана кІиябго рахъалда хъвай-хъвагІай бугеб гурараб халатаб кагъат, анкьго мугьру чІван бугоан гьелда. 2Дида вихьана цо зорбаяв малаик, кІудияб гьаркьидалъун гьес ахІулеб букІана: «ТІад чІвараб анкьабго мугьруги тІезабун, гьаб кагъат рагьизе щив мустахІикъав вугев?» 3Я зобалазда, я ракьалда, я ракьалда гъоркь вугев цонигиясда кІвечІо, гьеб кагъат рагьун, гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе. 4Кагъат рагьун гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе мустахІикъав чи цониги ватичІелъул, дун гІемерав гІодана. 5Цо хІакимас дида абуна: «ГІодуге мун. Балагье, Ягьудал наслуялъул Давудил кьибилалъул гъалбацІ бергьана, гьединлъидал гьелда кІола, анкьабго мугьруги тІезабун, кагъат рагьизе».
6Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги – Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик. 7БачІун КьагІрица доб кагъат босана тахида гІодов чІарасул кваранаб хъатикьа. 8Доб ункъабго рухІчІаголъиги къоло ункъавго хІакимги гьеб КьагІрида цере кІалагъоркье ккана ва щивасда кодоб букІана арфаги[2] кьеккен гьабулеб махІгьуинаб нахул цІураб меседил щурунги. (Гьелъул магІна – Аллагьасул халкъалъул дугІа.) 9Гьез цІияб кечІ ахІана: «Хъун букІиндал ва дурго бидухъ дуца щибаб наслуялъул, щибаб мацІалъул, щибаб халкъалъул ва щибаб миллаталъул гІадамал Аллагьасе ричун росидал, мун мустахІикъаб буго, босун гьеб кагътил мугьру тІезабизе. 10Дуца гьел парччахІлъиялде рачана ва нилъер Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинаруна. Гьез ракьалда парччахІлъи гьабила».
11Дун валагьана ва дида рагІана тахалда сверухъ ва рухІчІаголъабаздаги хІакимзабаздаги сверухъ ругел гІемерал малаикзабазул гьаркьал. РикІкІун хІалкІоларелгІан гІемер рукІана гьел. 12КІудияб гьаркьидалъун гьез ахІулеб букІана: «Хъун букІараб гьаб КьегІер мустахІикъаб буго кверщелги, бечелъиги, гІакълуги, къудратги, къадру-къиматги, реццги, баркатги насиблъизе!»
13Зобалаздаги, ракьалдаги, ралъдадаги ва гьезда жанибги рухІ бугебщиналъ ахІулеб рагІана дида: «Тахида гІодов чІарасе ва КьагІрие абадул абадиялъго баркатги, къадру-къиматги, реццги, къудратги!» 14Ункъабго рухІчІаголъиялъ «Амин» абуна. КІалагъоркье речІчІун, хІакимзабаз сужда гьабуна.

 

6 бетІер

 

КьагІрица анлъго мугьру тІезабула

 

1Дида бихьана КьагІрица доб анкьабго мугьруялъул цояб тІезабулеб. Доб ункъабго рухІчІаголъиялъул цоялъ, цевегІан къан валагьеян, зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь гьабуна. 2Дун валагьана. Гьале дида цебе буго хъахІаб чу. Гьелда рекІарасухъ чІорбутІ буго. Гьесухъе таж кьун букІана ва, бергьиналда ракІчІарав чи кинигин, вачІунев вукІана гьев бергьенлъи босизе.
3КьагІрица кІиабилеб мугьру тІезабуна. КІиабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян.
4КъватІибе бачІана билбагІараб чу. Гьелда рекІарасе ихтияр кьун букІана, гІадамал цоцаца чІвазаризелъун, гьаб ракьалдаса рекъел лъугІизабизе. Гьесухъе кьун букІана кІудияб хвалчен.
5КьагІрица лъабабилеб мугьру тІезабуна. Лъабабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІан къан валагьеян. Дун валагьана. Гьале дида цебе буго чІегІераб чу. Гьелда рекІарасда кодор цІадираби руго. 6Доб ункъабго рухІчІаголъабазда гьоркьосан цо гьаракь рагІана дида: «Ролъул цо сахІалъул багьа – цо динар, пурчІинадул лъабго сахІалъул багьаги – цо динар. Зайтуналъул гъутІбиги цІолбол гъабуги къотІуге».
7КьагІрица ункъабилеб мугьру тІезабуна. Ункъабилеб рухІчІаголъиялъги абуна цевегІанги къан валагьеян. 8Дун валагьана. Гьале дида цебе буго канчІгІурччинаб чу. Гьелда рекІарасда цІар буго Хвел. Гьелдаго хадуб цун бачІунеб буго ЖужахІ. Хвалчадалъун, ракъудалъун, вабаалдалъун ва ракьалда ругел жанавараздалъунги гІадамал хвезаризе, гьаб тІолабго ракьалъул ункъил бутІаялда тІад кверщел кьун буго гьеб кІиялъего.
9КьагІрица щуабилеб мугьру тІезабуна. Къурбан хъолеб бакІалда гъоркь дида рихьана Аллагьасул рагІи сабаблъун ва жидеца гьабураб нугІлъи сабаблъунги чІваразул рухІал. 10Кутакаб гьаракьалдалъун гьез ахІулеб букІана: «ХІакъав ва Мукъадасав БетІергьан, кидалъагІанха гьаб ракьалда ругел гІадамал дуца тамихІ гьабичІого ва нижер бидухъ къисас босичІого тун ругел?» 11Гьезул щивасе кьун букІана хъахІаб ретІел ва гьезда абулебги букІана нуж цодагьаб мехалъ чІайин, – нужго гІадин чІвазе ругел нужер гьалмагъзабиги вацалги тІаде журан, гІураб къадар ккезегІан чІайин.
12КьагІрица анлъабилеб мугьруги тІезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чІегІерлъана, чІегІераб сугъур гІадин; рещалъараб моцІги би гІадин багІарлъана. 13Хасел тІаде щвезегІан гъотІодаго хутІарал инжирал кутакаб гьороца рортизарулел гІадин, цІвабиги ракьалде рортун рачІана. 14Кагътил тІамач гІадин, зобалги сукІун ана. Киналго мугІрузги чІинкІиллъабазги жидерго бакІ хисана.
15Ракьалда ругел парччахІзаби, чІахІиял хІакимзаби, рагъул церехъаби, бечедал гІадамал, къо-асс бугел чагІи, киналго лагъзал ва уздензабиги мугІрузул нохъазда ва кьурабалъ рахчана. 16МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги. 17«Гьезул ццидал кІудияб къо тІаде щун буго! Лъида гьеб хІехьезе кІолеб!»

 

7 бетІер

 

Нусиялда кІикъоялда ункъазарго чи

 

1Гьелдаса хадуб дида вихьана дуниялалъул ункъабго бокІнилъ чІарав ункъо малаик. Я ракьалде, я ралъдаде, яги цониги гъветІ-хералде пуйзе биччачІого, гьез ккун чІезабун букІана дуниялалъул ункъо гьури. 2Цоги малаик вихьана дида бакъбаккул рахъалдасан ваккун вачІунев. ХІакъав Аллагьасул мугьру букІана гьесухъ. Ракьалъеги ралъдаеги зарал гьабизе изну кьурав ункъо малаикасде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: 3«Нижеца нилъер Аллагьасул лагъзадерил надалда мугьру чІвазегІан, я ракьалъе, я ралъдае, яги гъветІ-хералъе зарал гьабуге нужеца». 4Дида рагІана Исраилил киналго наслабаздасан нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда мугьру чІван бугин абулеб:
5Ягьудал наслуялдаса мугьру чІваразул анцІила кІиазарго чи вуго,
Рубенил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
Гадил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
6Ашерил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
Нафталил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
Менашил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
7ШимгІонил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
Левийил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
Иссахарил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
8Зебулонил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи,
Юсупил наслуялдасаги – анцІила кІиазарго чи ва
Буняминил наслуялдасаги анцІила кІиазарго чи вуго мугьру чІваразда гьоркьов.

 

ХъахІал гІабаби ретІарал гІадамазул руккел

 

9Нахъеги валагьана дун. Гьале щибаб миллаталъул, наслуялъул, халкъалъул ва мацІалъул гІадамаздасан лъугьараб, лъиданиги рикІкІун хІалкІолареб руккел чІун буго тахида ва КьагІрида цебе. Киназго ретІун руго хъахІал гІабаби ва хъатикь ккун руго чамасдакил гъотІол гІаркьалаби. 10Кутакаб гьаракьалдалъун ахІулеб буго гьез: «Тахида гІодов чІарав нижер Аллагьасухъ ва КьагІрихъ буго хвасарлъи!»
11Киналго малаикзаби чІун рукІана тахалдаги, хІакимзабаздаги ва доб ункъабго рухІчІаголъиялдаги сверухъ. Тахалда цере кІалагъоркье речІчІун, гьез Аллагьасе сужда гьабулеб букІана. 12Абулебги букІана гьез: «Амин! Нижер Аллагьасухъ буго абадул абадиялъ баркатги, реццги, гІакъиллъиги, кІодолъиги, къадру-къиматги, къудратги, хІалкІолъиги! Амин!»
13Дидехун вуссун цо хІакимас гьикъана: «Гьал хъахІал гІабаби ретІарал гІадамал щал кколел ва киса рачІарал чагІи гьел?»
14Дица гьесда абуна: «Дуда лъалаха, бетІерчІахъад!» – ан.
Гьес дида абуна: «Гьел рачІун руго кІудияб гІазаб-гІакъубаялдаса. КьагІрил биялъ чурун хадуб хъахІлъана гьезул гІабаби. 15Гьединлъидалин гьел Аллагьасул тахалда цере ругел ва къасиги-къадги гьесул кІалгІаялъуб гьесие тІагІат-гІибадатги гьабулеб бугеб. Тахида чІарас жиндирго чодрокье рачина гьел. 16Гьел тІокІал киданиги ракъиларо, къечеларо, бакъул бухІиги гьезие букІинаро, багІари-гьелегьинги гьезда хъваларо. 17Тахил бакьулъ бугеб КьегІер гьезул вехьлъун лъугьунелъулха. Гьелъ рачина гьел маулхІаяталъул иццухъе, Аллагьас гьезул бадиса щибаб магІил гороги бацІцІина».

 

8 бетІер

 

Анкьабилеб мугьру

 

1КьагІрица анкьабилеб мугьру тІезабуна. Бащдаб сагІат гІанасеб заманалда зодиб сихІкъотІи лъугьана.
2Дида вихьана Аллагьасда цеве чІарав анкьго малаик. Гьезул щивасухъе пуйзе кьун букІана цо-цо ссур.
3ВачІун къурбан хъолеб бакІалда цеве кьеккен гьабизе, меседил щурунги хъатикь, ккун эхетана цоги малаик. ГІемераб махІгьуинаб нах кьун букІана гьесухъе, – кинабго Аллагьасул халкъалъ дугІаги гьабун, тахида цебе къурбан тІад хъолеб меседил къаниде тІун, кьеккен гьабизе. 4Малаикас бачІараб гьеб нахул лъугьараб кІкІуй, Аллагьасул халкъалъул дугІадул гьаракьгун цадахъ, гьев разилъизе зодибе ана. 5Кьеккен гьабулеб щурунги кодобе босун, къурбан тІад хъолеб доб къанидаса цІадул цІезабуна малаикас гьеб, цинги ракьалде хьвагІун балагьизабуна. Гьебмехалда зобал гъугъадана, гьаркьал рахъана, пири пирхана ва ракь багъарана.

 

Анлъго малаикас ссуралъубе пула

 

6Анкьго ссур кодоб бугев анкьавго малаик ссуралъубе пуйзе къачІан чІана.
7Ва тІоцевесев малаикас ссуралъубе пуна, ва горо-цІер бана, ва бигун жубараб цІаги бачІана ракьалде. Ракьалъул лъабил бутІа бухІана гьелъ, гъутІбузул лъабил бутІаги бухІана ва кинабго гІурччинхерги бухІана.
8Ва кІиабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва цІа рекІараб кІудияб мегІер гІадаб жо ралъдалъе бортун бачІана. Ва ралъдал лъабил бутІа биялде сверана. 9Ва ралъдал рухІчІаголъабазул лъабил бутІа хвана, гумузул лъабил бутІаги щущан ана.
10Ва лъабабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва зодисан бортун бачІана цІа рекІараб сунтур гІадинаб кІудияб цІва. Гьеб тІаде бортана гІоразул лъабил бутІаялде ва лъадал иццаздеги. 11Гьеб цІваялда цІар букІана «КьогІаб хер». Ва лъадал лъабил бутІа гьеб хер гІадин кьогІлъана, ва кьогІаб лъим гьекъон гІемерав чи хвана.
12Ва ункъабилев малаикас ссуралъубе пуна – гьаргьадулаго ссун ана бакъул лъабил бутІа, ва моцІрол лъабил бутІа, ва цІвабзазул лъабил бутІа – кинабго канлъул лъабил бутІа. Къоялъул лъабил бутІа бецІлъун хутІана, гьединго сардил лъабил бутІаги бецІлъун хутІана.
13Дун валагьана, ва дида рагІана зоб бакьулъан боржун унеб цо цІудуца кутакаб гьаракьалдалъун гьадин ахІулеб: «Вай, вай, вай, жеги ссуралъубе пуйчІев лъабго малаикас ссуралъубе пураб мехалда, гьаб ракьалда ругезде бачІине бугеб балагьха!»

 

9 бетІер

 

1Ва щуабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида бихьана цо цІва зодиса ракьалде бортулеб. Гьелъухъе кьун букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе нух бугеб гъуялъул нуцІил кІул. 2Ва гьеб цІваялъ ричІана нуцІа. Ва кІудияб корохъа гІадинаб кІкІуй бачІана гъуялъуса къватІибе. Ва гьеб кІкІуялъ бакъги гьаваги бецІлъизабуна. 3Ва кІкІуялда гъорлъан ракьалде бачІана ракъул гарцІазул кІудияб бо. Гьаб ракьалда ругел ичІкІалаз гІадин хечизе ихтияр кьун букІана гьезие. 4Ва гьезда лъазабун букІана, Аллагьасул мугьру надалда гьечІел гІадамазе гурони, я ракьалда бижараб харие, я кинаб букІаниги гІурччинлъиялъе, я кинаб букІаниги гъотІое зарал гьабугеян. 5Гьел гарцІазе ихтияр кьун букІана гьел гІадамал чІвачІого тун, щуго моцІалъ гьезие гІазаб-гІакъуба гьабизе. ИчІкІалалъ хеч къазабидал инсанасе лъугьунеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба букІана гьеб. 6Гьел къоязда гІадамал жидеего хвел балагьизе лъугьина, амма гьезда гьеб батиларо. Хвезе бокьун рукІина гьел, амма хвел гьездаса лъутила.
7Рагъуе къачІарал чуязда релълъун рукІана гьел гарцІал. Меседил тажазда релълъарал жалги рукІана гьезул бутІрузда. Гьезул гьурмал инсанасулалда релълъарал рукІана. 8Руччабазул гІадинаб расги букІана гьезул, гъалбацІалъул гІадинал гажалги рукІана. 9Маххул гІадинал къолдабиги рукІана гьезда тІад, гьезул куркьбазул гьаракьги релълъунаан рагъде гІедегІун унел гІемерал чолгьаказул гьаракьалда. 10ИчІкІалалъул гІадинаб рачІги букІана гарцІил, гьеб рачІалдасан хечги къазабулаан гьелъ. Гьел жидерго рачІаз гІадамазе щуго моцІалъ зарал гьабизе ихтияр кьун букІана гьезухъе. 11Гьезул парччахІлъун букІана гьеб кІкІалалъул шайтІан; жугьутІ мацІалда гьелда цІар буго Абаддон, грек мацІалда – Аполлион («Хвел босун бачІунеб»).
12Цо балагь тІаса ана. Гьале гьелдаго хадуб цун бачІунеб буго жеги кІиго балагь.
13Ва анлъабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида рагІана тахида цебе къурбан тІад хъолеб меседил къанил ункъабго бокІнилъ рекъезабураб ункъо лълъаралъул гьаракь. 14Ссур кодоб ккурав анлъабилев малаикасда гьеб гьаракьалъ абулеб букІана: «КІудияб Пурат гІурул рагІалда бухьун бугеб ункъо жен бичун биччай». 15Ва гІадамазул лъабил бутІа хвезабизе гьел риччалеб заман – сагІат, къо, моцІ ва лъагІел – тІаде щвезегІан чІезабун букІараб гьеб ункъабго жен бичун биччана. 16Ва дида бицана анцІазарго кІиго нухалъ анцІазарилъ кьабурабгІан къадаралда рекІаралги ругин гьезул бодулъ.
17Гьедин балъголъи загьирлъун дида рихьана чуялги чуязда рекІарал рагъухъабиги. Гьезда рукІана цІабагІараб, бецІхъахІилаб ва чІабтІил гІадинаб тІогьилаб кьералъул къолдаби. ГъалбацІалъулазда релълъарал рукІана гьел чуязул бутІрул. Ва гьезул кІалдисан бурулеб букІана цІаги, кІкІуйги, чІабатІги. 18Гьеб лъабабго балагь рещтІиналъ – гьезул кІалдисан бурулеб цІадуцаги, кІкІуйдуцаги, чІабтІицаги – гІадамазул лъабил бутІа гъурана. 19Гьел чуязул къуват лъун букІана гьезул кІалдибги рачІалдаги, гьезул рачІалги рукІиндалха загьруял борхьал гІадинал. Гьез хІанчІиялдалъун кколаан гІадамазе зарал.
20Жидеца гьабурабщиналда – жундузе гІибадат гьабиялда, ва меседил, гІарцул, мазгарул, ганчІил, цІулал гьарурал, жидеда я щибниги бихьуларел, я щибниги рагІуларел, я хьвадизе кІоларел гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабиялда – рекІекълъичІо гьел балагьал рещтІиндал хвечІого хутІарал цогидал гІадамал, ва кингоги тавбу гьабичІо гьез. 21Я жидеца гІадамал чІваялда, я сихІру гьабиялда, я хъахІбалъи гьабиялда, яги цІогь гьабиялда рекІекълъичІо гьел, тавбуги гьабичІо гьез.

 

10 бетІер

 

Малаикасухъ букІараб гьитІинабго тІехь

 

1Цинги дида вихьана цогидав цІакъ кутакав малаик зобалаздасан рещтІунев; накІкІал рукІана гьесда тІад жемун, ботІрода тІад нурги чІун букІана, гьумер букІана бакъ гІадинаб, бохдул рукІана цІадул хІубал гІадинал. 2Гьес рагьун хъатикь ккун букІана гьитІинабго тІехь. Кваранаб бох гьес ралъдада лъуна, квегІаб бох ракъдада лъуна. 3ГъалбацІалъул гъулгъулиялда релълъараб кутакаб гьаракьалдалъун ахІдезе лъугьана гьев. Гьев ахІдолеб мехалда рагІана анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь. 4Анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь рагІидал, гьеб хъвазейилан лъугьана дун. Амма зодисан ахІулеб рагІана: «Анкьго нухалда зоб гъугъаялдалъун дуда бицараб жо балъго те, гьеб хъваге дуца».
5Ва ралъдадаги ракъдадаги чІун дида вихьарав малаикас жиндирго кваранаб квер зодобехун битІана. 6Жив абадияв-даимасул, зобалги гьениб бугебщинабги, ракьги гьениб бугебщинабги, ралъадги гьениб бугебщинабги жинца бижарасул цІар рехсон гьев гьедана кватІичІого лъугІизе бугилан. 7Анкьабилев малаикги ссуралъубе пуйзе лъугьина. Гьеб къоялъ лъугьина Аллагьас жиндирго лагъзадерида – аварагзабазда Рохалил хабар бицун лъазабун букІараб балъгояб иш.
8Зодисан дида рагІун букІараб гьаракь гьанжеги дидехун кІалъана: «Ралъдадаги ракъдадаги чІарав малаикас рагьун хъатикь ккураб доб тІехь босизе а», – ян.
9Малаикасда аскІове ун, дица гьесда абуна гьеб гьитІинаб тІехь дихъе кьейилан. Гьес дида абуна: «Босун кванай гьеб. Дур чохьониб гьеб кьогІлъила, амма дур кІалдиб гьеб гьоцІогІанги гьуинаб букІина» 10Малаикасда кодоса босун, кванана гьеб гьитІинаб тІехь. Дир кІалдиб гьеб гьоцІогІанги гьуинаб букІана, амма чохьониб гьеб кьогІлъана. 11Цинги дида абуна: «ГІемерал халкъазе, миллатазе, мацІазе ва парччахІзабазе хадубккун щиб лъугьине бугебали нахъе-нахъеги бицине ккезе буго дуца».

 

11 бетІер

 

КІиго нугІ

 

1ГІансаялда релълъараб тІилги дихъе кьун, абуна: «Вахъа, дуца борце Аллагьасул кІалгІаги къурбан хъолеб бакІги, чан чияс гьениб гІибадат гьабурабалиги рикІкІе. 2Аллагьасул кІалгІаялда сверун бугеб азбар дуца къватІиб те, гьеб борцунге, цогидал халкъазе кьун бугин гьеб. Гьез гьаб хирияб шагьар кІикъоялда кІиго моцІалъ мерхьина. 3Дир кІиго нугІасе хІалкІолъи кьела дица, сугъуралъул ретІелги ретІун, гьез азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабизе». 4Гьел чагІи ккола кІиго зайтуналъул гъветІлъунги ва зоб-ракьалъул БетІергьанасда цебе бугеб кІиго чирахълъунги. 5Гьезие зарал-зиян гьабизе ракІалде ккарав чиясде гьезул кІалдисан цІа бурун бачІина ва гьеб цІадуца рухІила гьезул тушбаби. Гьеле гьедин хвезе вуго гьезие зарал-зиян гьабизе ракІалде кканщинав чи. 6Гьев кІиясдаго кІвезе буго Аллагьасул рагІи гьез халкъалда лъазабулеб заманалда цІад бачІого букІиналъе зобал къазе. Лъадада тІадги ихтияр кьун буго гьезухъе – гьеб биялде сверизабизе; гьединго ихтияр кьун буго гьезие бокьанщинахъе ракьалда балагьалъул цІал кьабизе. 7Гьев кІиявго нугІас Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабун бахъараб мехалда, тІину гьечІеб кІкІалахъан тІаде бачІунеб жанавар гьезда данде багъила; гьелъ гьел къезарила ва чІвала. 8Содомлъунги Мисрилъунги лъугьараблъун рикІкІине бегьулеб гьеб кІудияб шагьаралъул къватІазде рехун хутІила гьезул жаназаби. Гьеб шагьаралдайин гьезул ТІадегІанав хъанчида вигъун вукІарав. 9Лъабгогун бащдаб сордо-къоялъ гьезул жаназабазухъ ралагьун рукІина батІи-батІиял халкъазул, наслабазул, мацІазул ва миллатазул цо-цо гІадамал, ва гьез гьел жаназаби хабалъ лъезе риччазе гьечІо. 10Ракьалда ругелал гьелдаса разилъила, гьез цоцазе рохел гьабила, цоцазе сайигъатал ритІила, щайгурелъул гьев кІиявго аварагас ракьалда ругелазе гІазаб кьолеб букІиндал.
11Лъабгогун бащдаб сордо-къо индал, Аллагьасдасан чІаголъиялъул рухІ лъугьана гьев кІиясулъего. ТІаде рорхун рачІун, рахъун чІана гьел, ва гьезухъ ралагьун рукІаразул рекІелъе кутакаб хІинкъи лъугьана. 12Зодосан кутакаб гьаракьалъ гьадин ахІулеб рагІана гьев кІиясдаго. «Гьанире тІаде раха!» Жидерго тушбабиги хадур ралагьун, накІкІуда гъорлъан зодире рачун ана гьел.
13ГьебсагІатго кутакалда ракь багъарана. Шагьаралъул анцІил бутІа щущан ана, ракь багъариялдалъун хвана анкьазарго чи; чІаго хутІаразги, кутакалда хІинкъун, зобалазул Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.
14КІиабилеб балагь тІаса ана, гьале кватІичІого тІаде щолеб буго лъабабилеб балагь.

 

Анкьабилев малаикасги ссуралъубе пула

 

15Ва анкьабилев малаикас ссуралъубе пуна; ва зобалазда кутакал гьаркьал рахъана, гьадин абулеб букІана гьез: «Нилъер БетІергьанас ва гьесул МасихІица дуниялалдаго парччахІлъи гьабулеб буго гьанже. МасихІица парччахІлъи гьабила абадул абадиялъго».
16Ва Аллагьасда цеве жидерго тахазда гІодов чІарав къоло ункъавго хІакимас, кІалагъоркье речІчІун, Аллагьасе сужда гьабуна. 17Гьез абулеб букІана: «ХІакъав, абадияв ва къудратав БетІергьан, дуе рецц, дуца дурго кІудияб хІалкІолъи бихьизабидал ва парччахІлъи гьабулеб бугелъул. 18Халкъазул дуде ццин бахъиндал, дурги ццин гьалаглъана. Хваразеги суд гьабизе заман щун буго: дур лагъзадерие – аварагзабазе ва киналго дур цІаралъукьа хІинкъулезе – гІисиназеги чІахІиязеги – кириги хъвазе, ракьалде балагь бачІинабуразде балагьги рещтІинабизе».
19Гьебмехалда зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІа загьирлъана ва гьениб жаниб бихьулеб букІана къотІиялъул гъамас[3]. Ва пири пирхизе лъугьана, хъуй бахъана, зоб гъугъадана, ракь багъарана ва ракьалде гІемераб горо-цІер бана.

 

12 бетІер

 

ЧІужугІаданги аздагьоги

 

1Ва зобалазда загьирлъана кІудияб гІаламат – бакъ тІад ретІарай, моцІ хІатІикь бугей чІужугІадан. Гьелъул ботІрода букІана анцІила кІиго цІвайил таж. 2Лъимаде йигей гьей, хІарачІваялъул унти захІмалъун, ахІдолей йикІана. 3Цоги гІаламат загьирлъана зодиб. Гьале анкьго бетІерги бугеб, анцІго лълъарги бугеб цІакъго кІудияб багІараб аздагьо, гьелъул бутІрузда букІана анкьго таж. 4РачІ хьвагІун, гьелъ цІвабзазул лъабил бутІа зодиса ракьалде гъинабуна. Гьабурабго лъимер къулчІизе къачІан, лъимер гьабулей йигей гьей гІадамалда цебе чІана доб аздагьо. 5Ва гьелъие гьавуна маххул тІилица киналго халкъал жинца рехъаде рачине ругев вас. Гьелъул гьеб лъимер Аллагьасухъе босун ана, гьесул тахида цебе лъезе. 6Гьей гІаданги гІицІаб авлахъалде лъутун ана. Гьениб гьелъие къачІан букІараб бакІалда Аллагьас гьелъул тІалаб гьабила азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ.
7Ва зобалазда рагъ ккана – МикагІил ва гьесие мутІигІал малаикзаби аздагьоялда данде рагъулел рукІана, аздагьо ва гьелъие мутІигІал жундул дозда данде рагъулел рукІана. 8Амма гьел бергьинчІо, зобалазда тІокІалъ бакІцин хутІичІо гьезие. 9Ва Илбисиланги ШайтІаниланги цІар лъураб, жинца тІолабго дуниял къосинабулеб кІудияб аздагьо – некІсияб борохь ракьалде рехана ва гьелъие мутІигІал жундулги рехана гьелдаго цадахъ.
10Дида рагІана зодиб цо кутакаб гьаракьалъ абулеб: «Гьанже бачІана нилъер Аллагьасдасан хвасарлъиги, ихтиярги, парччахІлъиги ва гьесул МасихІил ихтиярги, щайгурелъул иман лъуразде гІайиб гІунтІизабураб тушман зобалаздаса гІодобе рехун бугелъул; къасиги-къадги Аллагьасда цебе гьезде гІайиб гІунтІизабулаан гьелъ. 11Гьеб аздагьоялдаса гьел бергьана КьагІрил биялдалъунги ва жидерго нугІлъиялъул рагІудалъунги, щайгурелъул холел ругониги, гьел жидерго гІумруялда барахщинчІелъул. 12Гьединлъидал, зобал ва зобалазда ругелщиналги, нужеца рохел гьабе! Амма, ракьги ралъадги, нужедени балагь бачІина, – жиндие дагьаб заман хутІун букІинги лъан, гІасиго ццин бахъун, илбис нужехъе рещтІун бугелъул».
13Жиб ракьалде рехараблъи лъайдал, дов вас гьавурай чІужугІаданалда хадуб лъугьана гьеб. 14КІудияб цІудул кІиго кваркьи кьун букІана гьей гІаданалъе, гІицІаб авлахъалда гьелъие къачІан букІараб ва аздагьоялъухъе щолареб бакІалде йоржине. Гьениб гьелъул тІалаб гьабила лъабго соналъги анлъго моцІалъги. 15Аздагьоялъ жиндирго кІалдисан гьелда хадуб гІор гІадин лъим чвахизабуна, гьеб гІуруца гьей йосун инародайилан. 16Амма ракьалъ гьелъие квербакъана; жиндирго кІал рагьун, ракьалъ жанибе къулчІана аздагьоялъ кІалдисан лагІун букІараб гІор. 17Ва гьеб аздагьоялъул кутакалда ццин бахъана гьей чІужугІаданалда. Ва Аллагьасул амруялги тІуразарулел ва ГІисал хІакъалъулъ жидеца нугІлъиги гьабулел гІадамазда – дой гІаданалъул наслуялдасан хутІарал чагІазда – данде багъизе ана гьеб.
Ва гьеб аздагьо ралъдал рагІалда чІана.

 

13 бетІер

 

Ралъдалъа къватІибе лъугьун бачІараб жанавар

 

1Дида бихьана ралъдалъа къватІибе лъугьун бачІунеб жанавар. Гьелъул букІана анцІго лълъарги анкьго бетІерги. Гьелъул лълъурдузда тІад букІана анцІго таж. БутІрузда хъван рукІана Аллагьасдехун гІасилъи бихьизабулел цІарал. 2Гьеб дида бихьараб жанавар цІиркъалда релълъараб букІана; цидул гІадинал квачІалги рукІана гьелъул, гъалбацІалъул гІадинаб кІалги букІана. Аздагьоялъ гьелъие кьун букІана жиндирго къуватги, жиндирго тахги ва бокьараб гьабизе ихтиярги. 3Жанаваралъул цо бетІералда хвалил ругъун бугилан кколеб букІана, амма гьеб хвалил ругъун сахлъана. Ва тІолабго дуниял хІайранлъун букІана гьеб жанаваралъухъ балагьун. 4ГІадамаз аздагьоялъе сужда гьабулеб букІана, гьелъ гьеб жанаваралъе хІалкІолъи кьедал. Жанаваралъе суждаги гьабун, гьез абулеб букІана: «Гьаб жанаваралда релълъараб щибниги гьечІогури ракьалда! Гьабгун вагъизе лъида кІолеб?»
5Аллагьасда дандечІарал ва чІухІарал рагІаби абизе кІалги кьун букІана гьелъие ва кІикъоялда кІиго моцІалъ бокьараб гьабизе ихтиярги кьун букІана. 6Аллагьасул цІарги, гьев чІараб бакІги ва зобалазда ругелалги инжит-хІакъир гьарун, гІасиял жал рицине кІал ричІана гьелъ. 7Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана Аллагьасул халкъалда данде багъизе ва гьел къезаризе. Киналго наслабазда, халкъазда, мацІазда ва миллатазда тІад хІалкІолъи кьун букІана гьелъие. 8Хъун букІараб КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал хъван рукІинчІел гІадамалги руго гьаб ракьалда. Гьез киназго сужда гьабила жанаваралъе.
9ГІундул ругезда рагІизе биччанте: 10«Асирлъуде ккезе хъван бугев чи асирлъуде ккечІого хутІуларо. Хвалчаца чІван хвезе хъван бугев чи хвалчаца чІван хвечІого хутІуларо».
Аллагьасул халкъалъул сабруги божи-иманги букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан.

 

Ракьалдаса къватІибе лъугьун бачІараб жанавар

 

11Дида цоги жанавар бихьана ракьалдаса къватІибе лъугьун бачІунеб. КьагІрил гІадаб кІиго лълъар букІана гьелъул, амма аздагьо гІадин кІалъалеб букІана. 12Доб тІоцебесеб жанаваралда аскІоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букІана долъулго гІадаб хІалкІолъи; тІолабго дуниялги дуниялалда тІад ругелщиналги гьелъ тІамулел рукІана жиндир бетІералда букІараб хвалил ругъун сахлъараб доб тІоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе. 13Гьелъ чІахІиял ва хІикматал мугІжизатал рихьизаруна, гІадамазда бихьун, зодисан ракьалде цІагицин бачІана. 14Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян. 15Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги. 16Киналго гІадамазул – гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги – кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ. 17Жанаваралъул цІар яги гьелъул цІар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гІуж гьечІесе ихтияр букІунаро щибниги бичизе яги бичун босизе.
18Гьеб бичІчІизе ккани, гІакълу къваригІуна. ГІакълу бугес, хІисаб гьабун, балагье гьеб жанаваралъул цІар бихьизабулеб тарих, – гьеб бугелъулха инсанасул цІаралъулги тарих. Гьелъул цІаралъул тарих – 666.

 

14 бетІер

 

КьегІерги нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиги

 

1Дун валагьана – гьале Сион магІарда буго КьегІер ва гьелда цадахъ вуго гьелъул цІарги ва гьелъул Инсул цІарги надалда хъварав нусиялда кІикъоялда ункъазарго чи. 2КІудияб чвахелоялъул гІадинаб яги зоб гъугъалеб гІадинаб гьаракь рагІана дида зодисан. Гьеб гьаракь релълъун букІана арфаби бачунезул бакъназда. 3Тахалда цебе, ункъабго рухІчІаголъиялдаги хІакимзабаздаги цебе цІияб кечІ ахІулеб буго гьел гІадамаз. Дуниялалъухъа ричун росарал гьел нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда гурони, цоги лъиданиги кІвечІо гьеб кечІ ахІизе ругьунлъизе. 4Гьезул цонигияс чІужу ячинчІо. РацІцІадал ругелъулха гьел! Гьел руго, кибехун гьеб аниги, доб КьагІрида хадур унел гІадамал. Гьел руго цогидал гІадамазда гьоркьоса ричун росарал чагІи. Гьел руго Аллагьасеги КьагІриеги назру гьабураб тІоцебесеб рижилъун[4] лъугьарал гІадамал. 5Цониги гьереси инчІо гьезул кІалдиса къватІибе. Аллагьасул рацІцІадал вализаби руго гьел.

 

Лъабго малаик

 

6Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар. 7Кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Аллагьасукьа хІинкъа ва гьесие рецц гьабе, гьес суд гьабулеб сагІат тІаде щун бугелъул! Зобги, ракьги, ралъадги ва лъадал иццалги рижарасе сужда гьабе!»
8Гьесдаго хадув цун вачІунев вукІана цоги малаик. Гьес ахІана: «Вавилон шагьар щущан ана! Щущан ана жиндир гьалагаб хъахІбалъиялъул чогърол лълъар тІолалго халкъазда гьекъезабураб кІудияб Вавилон!»
9Гьездаго хадув цун вачІунев вукІана лъабабилев малаикги. КІудияб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Жанаваралъе яги гьелъул сураталъе сужда гьабурасги ва надалда яги квералда гІуж бан бугесги 10гьекъезе буго Аллагьасул тамихІалъул лълъар. Гъорлъе лъим жубачІеб чагъирлъун гьелда жаниб букІина Аллагьасул ццин бахъин. Илагьиял малаикзабаздаги КьагІридаги цебе, цІадулъеги чІабтІилъеги рехун, гьезие гІазаб-гІакъуба гьабила. 11Абадул абадиялъго эхеде унеб букІина гьезие бугеб гІазаб-гІакъубаялъул кІкІуй. Жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабуразе ва гьелъул цІаралъул гІуж лъуравщинасеги я къад, я къаси рахІат-хІалхьи букІине гьечІо». 12Аллагьасул халкъалъул сабру букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан. Аллагьасул халкъ ккола гьесул амруялги тІуразарулел ва ГІисаде иманги лъурал гІадамал.
13Зодисан гьадин ахІулеб гьаракь рагІана дида: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьанжеялдаса хадур холеб мехалдаги ТІадегІанасде иман лъурал гІадамал».
ХІакълъунго гьедин бугилан абулеб буго Илагьияб РухІалъ. Жидерго захІматаб хІалтІудаса хадуб гьезие хІалхьи букІина, – жидеца гьарурал гьунаразухъ шапакъат щвезе бугелъулха гьезие.

 

Лъилъаризе заман щун буго

 

14Дун валагьана – гьале хъахІаб накІкІул парча. Гьеб накІкІул парчаялда тІад гІодов чІарав релълъун вукІана ГІадамил Лъимада. Гьесул бетІералда тІад букІана меседил таж, хъатикь букІана рекІараб нилъ. 15Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. НакІкІул парчаялда тІад вугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, лъилъаризе заман щун бугин ракьалда». 16НакІкІул парчаялда тІад гІодов чІарас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана ва ракьалда бугебщинаб лъилъана.
17Зобалазда бугеб Аллагьасул кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана цоги малаик. Гьесда кодобги букІана рекІараб нилъ. 18Къурбан хъолеб бакІалдасахун вачІана цІадул кверщел бугев цоги малаик, ва доб рекІараб нилъ кодоб ккун бугесде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Босун дурго нилъ хьвагІе, ракьалда рижарал цІолбол хьопал къотІе, гьезда цІибил барщун бугин». 19Малаикас ракьалда тІасан нилъ хьвагІана, ракьалда бугеб цІибил къотІана ва Аллагьасул ццидал кІудияб чаналъубе бана. 20Гьеб цІибил мерхьана шагьаралдаса къватІибехун. Ва гьеб чаналъуса къватІибе чвахун бачІараб бидул цІуна лъабнусго километралда тІолабго сверухълъи, чу тІерхьунеб гІадаб хІор лъугьана гьениб.

 

15 бетІер

 

Анкьго малаикги ахирисеб анкьго балагьги

 

1Цинги дида зодиб бихьана цоги цІакъго кІудияб ва хІикматаб гІаламат – ахирисеб анкьго балагьги босун вачІунев вукІана анкьго малаик. Гьел ахирисел рукІана, щайгурелъул гьелдалъун лъугІулеб букІиндал Аллагьасул ццин бахъин. 2Дида бихьана жаниб цІа рекІараб цІорол ралъадалда релълъараб бакІ. Жанаваралдаса, гьелъул сураталдаса ва гьелъул цІар бихьизабулеб тарихалдасаги бергьарал гІадамал, Аллагьасе рецц гьабулел арфабиги кодор ккун, гьеб цІорол ралъдада аскІор чІун рукІана. 3Гьез ахІулеб букІана Аллагьасул лагъ Мусал кечІ ва КьагІрил кечІ: «ХІалкІолъи кІудияв БетІергьан Аллагь, гІажаибал ва чІахІиял руго дур ишал! Халкъазулго парччахІ, гьел дур нухал ритІухъалги руго, хІакъалги руго! 4Я, БетІергьан, дур цІаралъукьа щив хІинкъуларев? Ва гьелъие рецц гьабуларевги щив вугев? Мун гІадин вацІцІадав цогиги гьечІо. Ва дур судалъул хІукмаби загьирлъидал, киналго халкъал рачІун, гьабила дуе сужда!»
5Цинги дун валагьана, ва дир беразе зодиб загьирлъана Аллагьасул кІалгІа, гьелъул нуцІа рагьун бугоан. Аллагь жанив вукІиналъул гІаламатлъун кколеб чадирги букІана гьениб. 6Анкьго балагьги босун, гьеб кІалгІаялъуса къватІиве лъугьун вачІана анкьго малаик. Гьезда букІана бацІцІадаб ва кенчІолеб ретІел, карандасан борчун букІана меседил рачел. 7Цинги доб ункъабго рухІчІаголъиялъул цоялъ анкьавго малаикасухъе кьуна абадияв-даимав Аллагьасул ццидал цІураб анкьго меседил щурун. 8Аллагьасул къудраталъулги хІалкІолъиялъулги кІкІуйдул цІуна гьеб кІалгІа. Анкьго малаикасухъ бугеб анкьго балагь лъугІизегІан, лъиданиги кІвечІо гьеб кІалгІаялъуве лъугьине.

 

16 бетІер

 

Аллагьасул ццидал цІураб анкьго щурун

 

1Дида рагІана гьеб кІалгІаялъусан кутакаб гьаракьалдалъун гьев анкьавго малаикасда абулеб: «Инеги ун, нужеца ракьалде чвалхе гьеб анкьабго щуруналъуб бугеб Аллагьасул ццин».
2Ва инеги ун тІоцевесев малаикас жиндирго щурун ракьалде чвалхана. Жанаваралъул гІуж бугел ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамазул чурхдузда лъугьана цІакъ захІматал ва ракІ гъанцІулел ругънал.
3КІиабилев малаикас жиндирго щурун ралъдалъе чвалхана: чІварав чиясул гІадинаб биялде сверана ралъад, ва гьениб бугеб кинабго рухІчІаголъи хвана.
4Лъабабилев малаикас жиндирго щурун гІораздеги лъадал иццаздеги чвалхана: гьелги биялде сверана. 5Ва лъадал малаикас абулеб рагІана дида: «Гьаб дур суд ритІухъаб буго, абадияв-даимав вацІцІадав Аллагь! 6Вализабазулги аварагзабазулги би гІодобе тІуралъухъ, дуца гьезда би гьекъезабуна. ЦІакъ битІун ккана гьезие гьеб!»
7Къурбан хъолеб бакІалда аскІосан абулеб рагІана дида: «БитІараб буго! ЦІакъго ритІухъабги хІакъабги хІукму къотІана дуца, хІалкІолев БетІергьан Аллагь!»
8Ункъабилев малаикас жиндирго щурун бакъуде чвалхана. Ва гІадамал цІадуца рухІизаризе ихтияр кьуна бакъуе. 9ГІасияб бухІи-гьелегьиналъул гІазабалъукь рукІана гІадамал. Ва гьез нагІана кьолеб букІана киналго гьел балагьал жинда кодор ругев Аллагьасул цІаралъе. Амма тавбу гьабичІо гьез, ва Аллагьасе рецц гьабизеги кантІичІо.
10Щуабилев малаикас жиндирго щурун чвалхана жанаваралъул тахиде. БецІлъукье ккана гьелъул парччахІлъи, ва унти-гІазабалъул хІал цІикІкІиналъ, жидерго мацІал хІанчІулел рукІана гІадамаз. 11Гьел жидеда тІаде щварал гІазабазухъги ва жидеда ругел ругъназухъги зобалазул Аллагьасе нагІана кьолеб букІана гьез, амма жидер ишаздаса рекІекълъичІо, тавбуги гьабичІо.
12Анлъабилев малаикас жиндирго щурун Пурат абураб кІудияб гІурулъе чвалхана, ва гьеб гІурул лъим бакъвана, бакъбаккул рахъалдасан парччахІзабазе нухги рагьана. 13Ва дида бихьана къуркъбузда релълъараб лъабго хъубаб жен аздагьоялъул кІалдисанги, жанаваралъул кІалдисанги ва гьересиаварагасул кІалдисанги къватІибе лъугьун бачІунеб. 14Гьел руго квешал жундул; гьез гІаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тІолабго дуниялалъул парччахІзабазухъе, ХІалкІолев Аллагьасул кІудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе.
15ТІадегІанас абулеб буго: «Гьале дун цІогьор гІадин вачІунев вуго. Гьардарав гуревдай тІад ретІелги ретІухъе ворчІуда чІарав чи: гьев толохІочго хьвадизе ккеларо ва гІадамаздаса намуслъичІого хутІила».
16Гьел жундуз парччахІзабазул боял данде ракІарана жугьутІазул мацІалда Гьармагеддон абулеб бакІалде[5].
17Анкьабилев малаикас жиндирго щуруналъуб букІараб жо гьаваялде чвалхана. Ва Аллагьасул кІалгІаялъуб бугеб тахида аскІосан кутакаб гьаракьалдалъун: «ТІубана!» – ян абулеб рагІана дида. 18Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гІадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букІинчІеб къагІидаялъ багъарана ракь. 19КІудияб шагьар Вавилон лъабго бутІаялде бихъун ана, ва цогидал халкъазул шагьарал щущан тІатІала ккана. Гьедин Аллагьасда ракІалде щвана кІудияб Вавилон: гьес гьелъие гьекъезе кьуна жиндирго ццидал цІураб щурун. 20Ва киналго чІинкІиллъаби лъутун ана, ва мугІрулги ратичІо. 21Зодисан гІадамазда тІаде бана щибалъул бакІлъи кІикъоялда анцІго килограмм бугеб горо. Гьеб балагьалъул гІасилъи бихьун, гІадамаз Аллагьасде гІайиб гьабулеб букІана.

 

17 бетІер

 

Жанаваралда тІад рекІарай чІужугІадан

 

1Анкьго щурун кодоб бугев анкьго малаикасдасан цояс, дида аскІовеги вачІун абуна: «Вилълъа, дица дуда бихьизабила чІахІиял гІоразда тІад гІодой чІарай кІудияй хъахІбаялъе судалъ къотІараб хІукму[6]. 2Дуниялалъул парччахІзабигун лъугьун хъахІбалъи гьабулеб букІана гьелъ, ва гьеб жиндирго хъахІбалъиялъул чогъроца ракьалда ругелщинал мехтизаруна гьелъ».
3Илагьияб РухІалъ асар гьабидал, дида дунго вихьана малаикас гІицІаб авлахъалде щвезавурав гІадин. Гьений ятана бецІбагІараб жанаваралда тІад рекІарай чІужугІадан. Аллагьасде гІасилъи загьир гьабулел цІаразул цІун букІана гьеб жанавар; анкьго бетІерги букІана гьелъул, анцІго лълъарги букІана. 4Гьей чІужугІаданалъ ретІун букІана бецІхъахІилабги бецІбагІарабги ретІел; меседалъ, жавгьар-якъуталъ ва къиматаб маргъалалъ къачІа-кІатІан йикІана гьей. Гьелда кодоб букІана гьелъул хъахІбаял ишазулги хъублъиялъулги цІураб меседил щурун. 5Гьелъул надалда хъван букІана балъгояб цІар – КІудияб Вавилон шагьар – хъахІбабазулги дуниялалъулго хъублъидулги эбел абун. 6ГІисаде иман лъуразул – гьесие нугІлъи гьабуразул – биялъ мехтун йихьана гьей гІадан дида, ва гьей йихьарайго дун кутакалда хІикмалъана. 7Ва малаикас абуна: «Щай мун хІикмалъарав? Гьай гІаданалъулги ва гьай тІад рекІараб анкьго бетІерги анцІго лълъарги бугеб жанаваралъулги балъголъи рагьила дица дуе. 8Дуда бихьараб жанавар цебе чІаго букІана, гьанже гьечІо. Нахъеги тІину гьечІеб кІкІалахъа къватІибе бачІина гьеб ва жиндирго хвалде данде ина. Дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал гІумруялъул тІехьалда хъван рукІинчІел гьаб ракьалда ругелщинал гІадамал хІикмалъила гьеб жанавар бихьун, цин гьеб чІаго букІиндал, цинги хведал, хадуб цІидасан чІаголъидал.
9Гьеб бичІчІизе лъай-гІакълу хІажалъула. Анкьабго бетІер ккола гьей чІужугІадан тІад чІараб анкьго гохІ. 10Гьединго анкьго парччахІги ккола – гьезул щугояв хвана, цояв чІаго вуго ва цояв жеги вачІинчІо; вачІараб мехалдаги гьев гІемер заманалъ хутІиларо. 11Дов анкьавго парччахІасда гьоркьоса цояв вугониги, микьабилев парччахІ ккола гьев. Хвалде данде ина гьевги.
12Дуда бихьараб анцІабго лълъарги ккола жеги парччахІлъи щвечІев, амма жанаваралда цадахъ цо сагІаталъул болжалалда парччахІлъи щвезе бугев анцІго парччахІ. 13Гьезул букІина цого мурад-къасд, ва жидерго къуватги къудратги гьез жанаваралъе кьела. 14КьагІрида данде рагъизе руго гьел, амма КьегІер гьездаса бергьина, гьеб КьегІер бугелъул тІадегІаназулги ТІадегІанаб ва парччахІзабазулги ПарччахІ. Гьелда цадахъ рукІина ахІун рачІаралги, тІаса рищаралги, рекІелъ божи бугелги».
15Гьев малаикас дида абуна: «ХъахІба тІад чІун дуда рихьарал гІорал ккола халкъалги, руккелалги, миллаталги, мацІалги. 16Дуда бихьараб жанаваралдаги анцІабго лълъаралдаги гьей хъахІба цІакъ рихине йиго: гьез гьей тІутІун яла, тІад ретІел гьечІого гІицІго хутІизайила, гьелъул гьан кванала ва цІадаеги рехун юхІила. 17Жиндирго хІукму билълъанхъизабиялъе Аллагьас гьел гІадамазул рекІелъе лъугьинабуна киналго цолъун мурад тІубазабизе нигат. Гьезги жидерго кверщел гьеб жанаваралъухъе кьуна, – Аллагьасул рагІаби тІуразегІан заманалда. 18Дуда йихьарай чІужугІаданги ккола дуниялалъул парччахІзабазда тІад кверщел жиндихъ бугеб кІудияб шагьар».

 

18 бетІер

 

Вавилон шагьар щущан ана

 

1Гьелдаса хадуб дида вихьана зодисан рещтІунев цоги малаик. Гьесие кьун буго кІудияб ихтияр, ва гьесдасан бачІараб нуралъ гвангъун букІана ракь. 2Кутакаб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Щущан ана, Вавилон шагьар щущан ана, шайтІаби чІараб бакІлъун, хъубабщинаб жен, хъубабщинаб ва рокьукъабщинаб хІинчІ бахчулеб бакІлъун лъугьана гьеб. 3Вавилоналъ жиндирго гьалагаб хъахІбалъиялъул чагъир тІолалго халкъазда гьекъезабидал, дуниялалъулго парччахІзабазгун цадахъ гьелъ хъахІбалъи гьабидал ва дуниялалъулго базаргаби гьелъул гьарзалъиялдасан бечелъидал ккана гьеб гьедин».
4Дида рагІана зодисан цогидаб гьаракьалъ абулеб: «Я, дир халкъ, гьелъул мунагьазулъ гІахьаллъунгутІизе ва гьелъие гьабизе бугеб тамихІалдасаги хвасарлъизе, гьениса къватІибе лъугьа мун. 5Гьелъул мунагьазул гьиразул гохІ зодибе гІунтІун бугелъул, гьелъул квешлъабиги Аллагьасда ракІалде щун ругелъул! 6Гьелъ нужехъе кьурабги, гьелъухъего нахъе кьун, бецІе, гьелъ гьабунщинабги кІиго бутІаялде бахинабун бецІе. Гьелъ чогърол цІун кьураб лълъар, кІицІулго цІезабун, кье гьелъие. 7Гьелъ жиндиего гьабулеб букІараб рецц-бакъалдаги тІалаб гьабулеб букІараб хІарамаб гьарзалъиялдаги бащадаб гІазаб-гІакъубаги къварилъиги рещтІинабе гьелда тІаде. Жий парччахІ йигин, жий къоролайги гурин, жинца чІегІерги баларин гьелда ракІалде ккедал, 8цо къоялъ гьелде рещтІина балагьги, къварилъиги, ракъиги; гьелъие суд гьабулев БетІергьан Аллагь къудратав вугелъул, цІадулъ гъанкъила гьей!
9Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьидал гІодила ва инагьдила гьелда цадахъ хъахІбалъиялдаги хІарамаб гьарзалъиялдаги рукІарал дуниялалъул парччахІзаби. 10Гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдаса хІинкъун, рикІкІадаги чІун: „Вай, вай, Вавилон – кІудияб шагьар, щулияб шагьар, цохІо сагІаталда жаниб тІубана дуе къотІараб хІукму“, – ян абила гьез.
11Жидер къайи гьанже лъицаниги бичун босулеб гьечІелъул, дуниялалъул базаргабиги гьелъухъ магІу гьабун гІодулел руго. 12„Бичун унеб гьечІо меседилги гІарцулги къайи, жавгьар-якъут, къиматаб маргъал, тІеренаб ххам, бецІбагІараб ххам, чиллайдул ххам, канчІбагІараб ххам, махІгьуинаб цІул, магьидул гьарурал батІи-батІиял тІагІелал, къвакІараб къиматаб цІулалги, мазгарулги, маххулги ва мармаралъулги гьабураб къайи, 13гъаран, пучч-пилпил, кьеккен гьабулеб нах, мазь, чагъир, нах, хханжу, ролъ, чІегІербоцІи, гІи-цІцІани, чуял, гьакал, лагъзал, ай ричулел гІадамал. 14Дуда кодоса ана дур рекІее рокьулел рукІарал пихъал, хараблъана кинабго беричабщинабги гвангъарабщинабги, гьеб киданиги духъе нахъе щвезе гьечІо“. 15Гьебгощинаб къайи бича-хисулел рукІарал ва гьелдалъун бечелъарал дол базаргаби, гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдасаги хІинкъун, рикІкІадегІан чІун гІодила. 16„Вай, вай, кІудияб шагьар, тІеренаб дарай ретІараб, бецІбагІараб ва канчІбагІараб ххам ретІараб, меседалъ, жавгьар-якъуталъ, къиматаб маргъалалъ къачІараб шагьар! 17ЦохІо сагІаталда жаниб хараблъана дур гьеб кІудияб бечелъи“, – абун магІу гьабила гьез.
Киналго гумузул бетІергьабиги, киналго гумузда рекІун рукІаралги, ралъдахъабиги ва киналго ралъдадасан бетІербахъаралги рикІкІада чІун рукІана. 18Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьун: „Гьададинаб кІудияб шагьар киданиги кибниги букІанадай!“ – абун ахІдана гьел. 19БотІроде рахъуги бан, гІодилаго магІу гьабуна гьез: „Вай, вай, кІудияб шагьар! Дур гьарзалъиялдасан бечелъана ралъдада ругел киналго гумузул бетІергьаби, ва цохІо сагІаталда жаниб хараблъана мун“. 20Гьалдаса роха нуж, зобал; роха, вализаби, чапарзаби, аварагзаби, – гьелъ нужее гьабун букІараб гІадинаб хІукму гьабунин Аллагьас гьелъиеги».
21Цо къуватав малаикас кодобе босана кІудияб гьобо гІадинаб гьецІо ва, хьуризабун ралъдалъе гьебги рехун, гьес абуна: «Гьадин хьуризабун рехила кІудияб шагьар Вавилон. Ва тІокІаб букІинаро гьеб. 22Вай, Вавилон, тІокІаб рагІиларо дуда арфа хъвалезулги, кочІохъабазулги, щвантІих-лалу пулезулги, зурмихъабазулги макънал. Цониги махщел-гьунаралъул устарги вукІинаро тІокІав дур, дур гьабазул сасги рагІиларо тІокІаб. 23Дур чирахъазул канлъул кунчІиги чІваларо тІокІаб, бахІарасулги бахІаралъулги накъитги рагІиларо тІокІаб. Дур базаргаби гьаб ракьалда тІад къадруял чагІи рукІиндал ва дур сихІру-хІиллаялъ тІолалго халкъалги къосинарун рукІиндал, ккела гьеб гьедин. 24Гьеб шагьаралда тІад батана аварагзабазулги, вализабазулги ва гьаб ракьалда чІваралщиназулги бидул хІакъ».

 

19 бетІер

 

Аллагьасе реццилан ахІулеб рагІана

 

1Гьелдаса хадуб кІудияб руккелалъул гІадинаб гьаракьалдалъун зодисан ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя![7] Нижер Аллагьасухъ буго хвасарлъиги, цІар-реццги, къудратги, 2гьесул хІукму ритІухъабги хІакъабги бугелъул. ХъахІбалъиялдалъун гьаб ракь хъублъизабурай хъахІбаялъе гьес судги гьабидал! Ва Аллагьасул лагъзадерил бидухъ гьелдаса къисасги босидал!» 3Цоги нухалъ ахІулеб рагІана: «Гьаллелуя! Гьелъул кІкІуй абадул абадиялъго эхеде ине буго!» – ян.
4Къоло ункъавго хІакимасги ункъабго рухІчІаголъиялъги кІалагъоркье речІчІун сужда гьабуна тахида тІад гІодов чІарав Аллагьасе. Гьез абуна: «Амин! Гьаллелуя!» – ян.
5Тах бугеб рахъалдасан цо гьаракьалъ ахІулеб рагІана: «Гьесул киналго лагъзадерица, гьесукьа хІинкъулелщиназ – гІисиназги чІахІиязги – рецц гьабе нилъер Аллагьасе!» – ян.
6КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул! 7Нилъ роха-хинлъун разиго рукІина ва гьесие рецц гьабила, КьагІрил бертадул къо тІаде щун бугелъул ва гьесул бахІарайги къачІа-кІатІан йигелъул!» 8Гвангъараб ва бацІцІадаб тІеренаб дарайдул ретІел кьун буго гьелъие. (Гьеб дарай ккола Аллагьасул халкъалъул ритІухъал ишал.)
9Довго малаикас дида абуна: «Хъвай: гьардарал гурелдай гьеб КьагІрил берталъе ахІарал гІадамал», – ан. Цоги гьес абуна: «Гьаб буго Аллагьасул хІакъаб рагІи!» – ян.
10Гьесул хІатІазда цеве кІалагъоркье речІчІун, гьесие сужда гьабизехъин букІана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! ГІисае нугІлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. ГІисае нугІлъи гьабиги Аллагьасул рагІудасан бачІараб бугебха!»

 

ХъахІаб чу рекІарав

 

11Зоб рагьун бачІун бихьана дида. Гьале хъахІаб чу; гьелда рекІун вуго РитІухъавиланги ХІакъавиланги жинде абулев, битІараб хІукмуги къотІулев, рагъдаги бергьунев чи. 12ЦІадул мацІал гІадинал руго гьесул берал, гьесул ботІрода гІемерал тажалги руго, жиндаго гьесда гурони, лъиданиги лъалареб цІарги хъван буго гьесул надалда. 13Гьесда буго бидулъ ччураб ретІел; гьесда цІарги – Аллагьасул рагІи. 14ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел. 15Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагІулеб рекІараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тІилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цІибил мерхьина гьес. 16Гьесул ратІлидаги хьолбодаги: «ПарччахІзабазулги ПарччахІ, тІадегІаназулги ТІадегІанав», – абун цІар хъван буго.
17Дида вихьана бакъуда тІад чІарав малаик. Зоб бакьулъан роржун унел киналго хІанчІазде гьес ахІана: «Аллагьасул кІудияб кванде рачІа киналго цадахъ: 18парччахІзабазулги, рагъул церехъабазулги, къо-асс бугезулги, чуязулги, гьезда рекІаразулги, киналго уздензабазулги лагъзадерилги – гІисиназулги чІахІиязулги гьан кваназе!» – ян.
19Дида рихьана данделъун, чода рекІарасдаги гьесул боялдаги данде рагъизе къачІан, жанаварги, дуниялалъул парччахІзабиги, гьезул боялги. 20Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире. 21Цогидал чІвана чода рекІарасул кІалдисан бачІараб хвалчаца. Ва киналго хІанчІаз гІорцІизегІан кванана гьезул гьан.

 

20 бетІер

 

Азарго сон

 

1Дида вихьана зодисан рещтІунев цо малаик; гьесухъ букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе бугеб нуцІил кІулги кІудияб рахасги. 2Илбислъунги шайтІанлъунги кколеб аздагьо – некІсияб борохь, – кквезеги ккун, рахсида бухьана гьес, азарго соналъ гьелдаса борчІилареб куцалъ. 3Азарго соналъ халкъал къосинаричІого теледухъ, нуцІаги рахан, гьелда мугьруги чІван, кІкІалахъе рехана малаикас гьеб. Цинги гьеб дагьабго заманаялъ рахсидаса бичун биччазе буго.
4Дида рихьана тахбакІал, гьезда тІад гІодор чІун рукІана суд гьабизе тарал гІадамал. ГІисал хІакъалъулъ хабар тІибитІизабунилан ва Аллагьасул рагІи тІубазабунилан бутІрул къотІаразул рухІалги рихьана. Рихьана жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабичІел, жидер надалда яги кверда гІуж лъечІел гІадамалги. Гьел чІаголъун рукІана, ва гьез ГІисада цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабулеб букІана. 5Гьедин чІаголъана тІоцере гІадамал. Цогидал хварал чагІи гьеб азарго сон инегІан чІаголъичІо. 6Гьардарал гурелдай гьел тІоцере чІаголъаразда гъорлъе ккарал гІадамал. КІиабилеб хвел гьезда хъваларо. Ва гьел лъугьина Аллагьасулги МасихІилги кашишзабилъун, ва гьесда цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабила гьез.

 

Илбисалъе тамихІ гьабула

 

7Азарго сон индал, илбис туснахъалъуса къватІибе биччала. 8Дуниялалъул ункъабго рахъалде ун, халкъал къосинарила гьелъ, гІажуж-мажужалъул боял данде ракІарун, рагъде рахъинарила. Ралъдал рагІалда салигІанги гІемер рукІина гьел. 9ТІолабго ракь цІун букІана гьел бояз, ва гьез сверун ккуна иман лъуразул ордуги Аллагьасе хирияб шагьарги. Амма зодисан цІа бачІун рухІана гьел. 10Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги.

 

Хваразе суд гьабула

 

11Гьебмехалда дида бихьана цІакъго кІудияб хъахІаб тах, вихьана гьелда гІодов чІаравги. Гьесдаса лъутун ана зобги ракьги, ва гьезие чІезе бакІ батичІо. 12Ва дида рихьана хварал чагІи – гІисиналги чІахІиялги – тахида цере чІун. Рагьун лъун тІахьалги рукІана. Цоги тІехьги букІана рагьун – гІумруялъул тІехь буго гьеб. Гьел тІахьазда хъварал ишазухъ балагьун гьабулеб букІана хваразе суд. 13Ралъдацаги кьуна жиндихъго рукІарал хварал чагІи. Хвалицаги хваразул улкаялъги кьуна жидехъго рукІарал хварал чагІи. Ва гьезул ишазухъ балагьун, щивав чиясе судги гьабуна. 14Цинги хвелги хваразул улкаги цІадул хІоринибе рехана. Гьеб цІадул хІор ккола кІиабилеб хвел. 15ГІумруялъул тІехьалда цІар хъван батичІел чагІи цІадул хІоринире рехана.

 

21 бетІер

 

ЦІияб зобги цІияб ракьги

 

1Цинги дида бихьана цІияб зобги цІияб ракьги. Цевехун букІараб зобги ракьги тІагІун буго, ралъадги гьечІо гьанже. 2Гьединго дида бихьана мукъадасаб шагьар – зодисан Аллагьас рещтІинабулеб цІияб Иерусалим. БахІарасда аскІое уней бахІарай кинигин къачІан букІана гьеб. 3Кутакаб гьаракьалдалъун тахидасан абулеб рагІана дида: «Гьале гІадамазулалда аскІоб бугеб Аллагьасул чадир. Гьенив гьезда цадахъ вукІине вуго Аллагь. Гьел лъугьине руго гьесул халкълъун, ва живго гьев Аллагьги гьезда аскІов вукІине вуго. 4Аллагьас гьезул бадиса магІил щибаб горо бацІцІина, ва хвелги тІокІаб букІинаро. Цебехун букІарабщинаб лъугІун-тІагІун индал, тІокІаб букІинаро я гІоди, я унти».
5Тахида гІодов чІарас абуна: «Гьале дица кинабго цІидасан бижизабулеб буго», – ян. Цоги гьес дида абуна: «Хъвай – хІакъал ва ритІухъал рагІаби руго гьел».
6Гьес дида абуна: «ТІубана! Дун вуго Алипги Яги, Авалги Ахирги; къечарасе дица чІобого кьела маулхІаяталъул иццухъа лъим». 7Бергьарасе гьеб кинабго насиблъила. Дун гьесул Аллагьлъун вукІина, гьевги дие васлъун вукІина. 8Амма хІинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хІакъирлъи гьабуралги, чІвадарухъабиги, хъахІбабиги, сихІручагІиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакІ буго цІадулги чІабтІилги хІор. Гьеб ккола кІиабилеб хвел.

 

ЦІияб Иерусалим

 

9Ахирисеб анкьго балагьалъул цІураб анкьго щурун кодобе кьурав анкьго малаикасул цояс, аскІовеги вачІун, дида абуна: «Вилълъа, дуда дица йихьизайила КьагІрил лъадилъун лъугьине йигей бахІарай». 10Илагьияб РухІалъ асар гьабун дида цебе чІана гьадинаб сурат. Гьале цо борхатаб магІарде вачун, малаикас дида бихьизабуна мукъадасаб шагьар – зодисан Аллагьас рещтІинабулеб Иерусалим. 11Аллагьасул нур чІун букІана гьелда тІад; жавгьар-якъут гІадин ва бацІцІадаб яшма гІадин кенчІелеб букІана гьеб. 12Шагьаралда сверухъ букІана кІудияб ва борхатаб къед. АнцІила кІиго кавуги букІана гьеб къадалъ. Ва гьел кавабазухъ чІун анцІила кІиго малаикги вукІана. Кавабазда хъван букІана Исраилил васаздасан лъугьараб анцІила кІиго наслуялъул цІар. 13Бакъбаккудасахун букІана лъабго каву, севералъул рахъалдасан – лъабго, къирбалалдасахун – лъабго ва бакътІерхьул рахъалдасан лъабго каву букІана. 14Къадал кьучІ щулалъизе гьабун букІана анцІила кІиго сангар, гьездаги хъван букІана КьагІрил анцІила кІиго чапарасул цІар.
15Диргун накъит гьабулев вукІарасухъ букІана гьеб шагьарги, гьелъул кавабиги, къадалги рорцине меседил тІил. 16ГІеблъиги халалъиги бащадаб, ункъбокІонаб шагьар буго гьеб. Доб тІилалъ борциндал, гьеб шагьаралъул халалъиялда гьесда батана кІиазарго километр; халалъиги, гІеблъиги, борхалъиги цого букІана. 17Къадал борхалъиялда батана нусиялда кІикъоялда ункъо натІ. Гьедин гІадамазулго гІадаб роцадалъун борцана малаикасги гьеб. 18Къед гьабун бугоан яшмаялъул, шагьар букІана бацІцІадаб меседил гьабураб ва цІергІанги бацІцІадаб. 19Къадалъ бакІ-бакІалда кьочІое лъун рукІана батІи-батІиял хириял ганчІал: тІоцебесеб кьочІое – яшма, кІиабилелъе – сапфир, лъабабилелъе – халцедон, ункъабилелъе – изумруд, 20щуабилелъе – сардоникс, анлъабилелъе – сердолик, анкьабилелъе – хризолит, микьабилелъе – берилл, ичІабилелъе – топаз, анцІабилелъе – хризопрас, анцІила цоабилелъе – гиацинт ва анцІила кІиабилеб кьочІое лъун букІана аметист. 21АнцІила кІиябго каву – анцІила кІиго къиматаб маргъал. Щибаб каву гьабун букІана цохІо маргъалалъул. Шагьаралъул аслияб къватІ букІана цІорода гъорлъан кинигин гьоркьосан канлъи бихьулеб бацІцІадаб меседил.
22ГІибадат гьабизе гІадамал данделъулеб бакІ цониги бихьичІо дида гьениб. Гьеб тІолабго шагьар бугелъулха Живго Къудратав БетІергьан Аллагьги КьегІерги чІараб мукъадасаб рукъ! 23Гьеб шагьаралъе канлъи кьезе я бакъ, я моцІ хІажалъулеб букІинчІо. Аллагьасул нуралъул букІиндалха гьениб канлъи! Гьелъул чирахъ ккола КьегІер. 24Гьеб канлъухъе хьвадизе руго халкъал; дуниялалъул парччахІзабазги жидерго бечелъи кьезе буго гьеб шагьаралъе. 25Къад-къад гьелъул каваби киданиги къаларо, сардалги гьенир рукІинего рукІунаро. 26Халкъазги гьеб шагьаралъе кьела жидерго бечелъиги къиматабщинабги. 27Хъублъи киданиги лъугьине гьечІо гьенибе. Инжитабщинабги гьересиябщинабги жинца гьабулев чиги гьеб шагьаралда жаниве лъугьинаро. Лъугьина КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда жидер цІар хъванщинал.

 

22 бетІер

 

МаулхІаяталъул лъадал гІор

 

1Гьес дида бихьизабуна маулхІаяталъул лъадал гІор. БацІцІадаб цІер гІадаб гьеб гІор чвахун бачІунеб букІана Аллагьасулги КьагІрилги тахида цебесан. 2Шагьаралъул къватІ кІийиде бикьизабун чвахулеб букІана гьеб. ГІумруялъул гъотІол – анцІила кІиго нухалъ жинца пихъ кьолеб ва щибаб моцІалъ тІад пихъги бижулеб гъотІол гІаркьалаби гІунтІун ругоан гІурул кІиябго рагІалалде. Гьеб гъотІол тІамахги халкъазе дару буго. 3Гьеб шагьаралда тІокІаб киданиги хІарамаб жо букІинаро. Гьениб букІина Аллагьасулги КьагІрилги тах, ва жиндирго лагъзадерица гьесие хъулухъги гьабила. 4Гьезда гьесул гьумер бихьила, ва гьезул надалдаги лъугьина гьесул цІаралъул гІуж. 5Сордо гьениб тІокІаб киданиги букІине гьечІо; БетІергьан Аллагьас жиндирго нуралдалъун кьела гьезие канлъи, ва абадул абадиялъго парччахІлъиги гьабила гьез.
6Гьес дида абуна: «Гьал рагІаби ритІухъал ва хІакъал руго. Илагьияб РухІ аварагзабазухъе рещтІинабулев БетІергьан Аллагьас чапар витІана кватІичІого ккезе бугебщинаб жиндирго лагъзадерида бихьизабизе».

 

МасихІ хехго вачІина

 

7«Гьале кватІичІого тІаде щвела!» – ян абуна МасихІица. Гьардарав гуревдай хадубккун лъугьине бугебилан гьаб тІехьалда хъварал рагІаби рехун течІев чи.
8Дида – Иоаннида – бихьана ва рагІана гьеб кинабго. Гьеб бихьараб ва рагІараб мехалда дун кІалагъоркье ккана дида гьеб бихьизабурав малаикасул хІатІазда цеве. Дица гьесие сужда гьабизехъин букІана. 9Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! Дурги, дур вацал – аварагзабазулги, гьаб тІехьалъул рагІаби рехун течІелщиназулги гьалмагъ вуго дун. ЦохІо Аллагьасе гьабе сужда».
10Цинги гьес абуна: «Болжал тІаде щолеб бугебин, воре, хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІаби рахчун тоге. 11Квешав цевего гІадин квешлъи гьабулев вукІаян абе, хъубавги хъублъи гьабулев вукІаян абе, ритІухъавги ритІухъабщинаб гьабулев вукІаян абе ва вацІцІадавги цевего гІадин бацІцІадабщинаб гьабулев вукІаян абе.
12Гьале дун кватІичІого тІаде щвела. Дихъ буго щивасул ишазда рекъон кьезе шапакъат. 13Дун вуго Алипги Яги, ТІоцевесевги ТІарамагъадисевги, Авалги Ахирги!
14Гьардарал гурелдай гІумруялъул гъотІодаса пихъ кваназейилан ва шагьаралда жанире кавудухъан лъугьинейилан ретІел чурун бацІцІад гьабурал гІадамал. 15КъватІирехун руго гьабиги, сихІручагІиги, хъахІбабиги, чІвадарухъабиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулелщиналги, гьереси бокьулелщиналги, гьересиябщинаб жидеца гьабулелги.
16Дица – ГІисаца – дирго чапар витІана нужехъе, – гьалъул хІакъалъулъ жамагІатазда лъазабейилан. Дун вуго Давудил кьибилги ва гьесул кьолбол васги. Дун вуго гвангъараб рогьалил цІва».
17Илагьияб РухІалъги бахІаралъги абула: «ВачІа!» – ян. ВачІайилан абизе биччанте гьеб рагІарасги. Гьекъезе бокьарав вачІайилан абе, ва бокьанщинас маулхІаяталъул лъим чІобого босейилан абе.
18Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазухъ гІенеккун ругезда лъазабун толеб буго – гьел рагІабазда тІаде лъицаниги щибниги жубани, гьесда тІаде Аллагьасги журала гьаб тІехьалда рехсарал балагьалги гІазабалги. 19Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, – гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа.
20Гьел рагІаби ритІухъ гьарулев МасихІица абулеб буго: «БитІараб буго. Дун хехго вачІина!» – ян.
Амин! ВачІа, ТІадегІанав ГІиса! 21Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги киназдаго! Амин!

 

 

 

РИЧІЧІИЗЕ ЗАХІМАТАЛ РАГІАБАЗЕ БАЯН

 

 

АгриппаГьерод Агриппал вас. ГІага-шагарго 53–93 соназда гьев вукІана Палестинаялъул цо бутІаялъул кверщелчи. Балагье Гьерод.
Адам – Аллагьас тІоцеве вижарав инсан. Гьесдасан ва гьесул лъади ХІавадасан лъугьана дуниялалда киналго гІадамал. Аллагьасул амру тІубазабичІел ва гьелдалъун мунагь гьабурал тІоцересел гІадамал ккола Адамги ХІаваги.
Асия – ГьитІинаб Азиялда (гьанжесеб Турциялда) букІараб Рималъул империялъул вилаят.
Ассарий – Рималда хІалтІулеб букІараб гІисинаб гІарац, динаралъул 1/16 бутІа.
Барас – черхалда ругънал лъугьун, инсанасул гьан туризабулеб цІакъ квешаб ва захІматаб унти. Барасалъ унтарал гІадамал хъублъарал чагІилъун рикІкІунаан Мусал къануналъ ва диналъул агьлуялда гъорлъе риччалароан.
Беэлзебул – жундузул бетІер, илбис.
БилгІамМуса аварагасул заманаялда вукІарав сихІручи. ЖугьутІазул тушбабилъун рукІарал мугІабиязул парччахІ Балакица гьесда гьарана, сихІруги гьабун, жугьутІал хвезаризе вачІайилан. Амма мугІабиязухъе унаго нухда цо хІикматаб хІалкІолъиялдалъун гьев чІун хутІана. Малаикас ва живго тІад рекІун вукІараб хІамица биччачІо БилгІамида Аллагь цо вукІиналда божулеб жугьутІазул халкъ хвезабизе. Амма хадусеб заманалда жугьутІазда гьоркьор БилгІамил хІакъалъулъ тІиритІун рукІана Аллагьасул диналъул тушман вукІанин гьевилан харбал.
Бищунго кІудияв кашиш – Иерусалималъул Мукъадасаб Рукъалъул бищунго кІудияв кашиш вищулаан цо лъагІалил болжалалда, ва гьес бетІерлъи гьабулаан тІадегІанаб судалъе.
БуняминЯкъуб аварагасул вас. Гьесдасан бачІараб буго жугьутІазул халкъалъул цо наслу.
Вавилон – гьанжесеб ГІиракъалъул ракьалда букІараб некІсияб шагьар. Нилъер эраялде щвелелде 600 соналъ цебе вавилоналъулаз Ягьудия бахъун букІана, щущазабун букІана Иерусалим ва Мукъадасаб Рукъ. Ягьудиялъул гІемерал гІадамал 70 соналъ Вавилоналъул пачалихъалда асирлъуда хутІана. «Инжилалъул» цо-цо бакІазда «Вавилонлъун» рикІкІун буго, кидаялиго вавилоналъулалго гІадин, батІи-батІиял мунагьазулъ къараб халкъалъ яшав гьабулеб букІараб Рим.
Галилея – ГІизраил пачалихъалъул севералда букІараб ракь. ГІиса МасихІил заманаялда гьениб яшав гьабулеб букІана жугьутІаз ва цогидал халкъаз. Ягьудиялъул гІадамаз галилеялдасел гІад-хочІие гьарулаан, гьел рикІкІунароан. Галилеялъул Назарет абураб гьитІинабго шагьаралда кІудияв гІуна ГІиса МасихІ.
Гьабил – Адамилги ХІавалги вас, Къабилил гьитІинав вац. Къабилица Гьабил чІвана гьесдехун ккараб жахІда сабаблъун.
ГІадамил Лъимер – жугьутІазул мацІалда гьелъул магІна буго «инсан, гІадан, чи». Даниял аварагасул ТІехьалда рехсон буго МасихІ вукІине вугин ГІадамил Лъимер. МасихІ ГІисацаги жиндирго хІакъалъулъ абулеб буго жив ГІадамил Лъимер вугилан.
ГьарунМуса аварагасул кІудияв вац. НекІсиял жугьутІазе амруял Аллагьас Мусахъе кьураб мехалда, Гьарун тІамуна гьес тІоцевесев кашишлъун. Къануналъул бихьизабиялда рекъон, Гьарунил наслуялъул рукІине кколаан киналго кашишзаби.
Гьерод – «Инжилалда» рехсон вуго гьеб цІар бугев лъабго чи. «Матфейица бицараб Рохалил хабаралда» тІоцеве рехсарав Гьерод вукІана Ягьудиялъул парччахІ. КІиабизе рехсарав Гьерод Антипа вукІана Галилеялъул хан (тІоцевесев Гьеродил вас). «Чапарзабазул ишазда» 12-абилеб бетІералда рехсарав Гьерод Агриппа вукІана дов Гьерод Антипал вацасул вас, нилъер эраялъул тІоцебесеб гІасруялъул 41-абилеб соналъ Ягьудиялъул хан.
Давуд – некІсияб ГІизраилалъул кІудияв парччахІ ва авараг. Гьес яшав гьабуна нилъер эраялде щвелелде анцІабилеб гІасруялда, ГІиса МасихІ гьавилелде азарго соналъ цебе.
Динар – Рималъул империялда хьвадулеб букІараб гІарцуда цІар. Гьелъул къимат бащалъулаан цо къоялъ хІалтІун щолеб мухьалда.
Диниял гІалимзабиМусал къанун рагІа-ракьанде щун лъалел ва жугьутІазда гьеб малъулел гІадамал.
Диргьам – греказул гІисинаб гІарац, гІага-шагарго гьеб бащалъулаан цо динаралда.
Забулон ва НафталимЯкъуб аварагасул васал. Гьездасан рачІарал руго ГІизраилалъул северияб рахъалда, Галилеялъул хІорил рагІалда яшав гьабун рукІарал жугьутІазул кІиго наслу.
Забур – 150 динияб кечІалдасан гІуцІараб тІехь. Гьезул гІемерисел Давуд аварагас гьарураллъун рикІкІуна.
Зина – «Инжилалда» гьаб рагІи кьун буго рос-лъади цоцазе хилиплъи абураб магІнаялда.
Ибрагьим – гІарабиязулги жугьутІазулги умматалъул бетІер, Аллагь цо вукІиналде тІоцеве кантІарав авараг, ИсхІакъ аварагасул эмен.
Илагьияб РухІ – Аллагьасдасан бачІунеб гІадамал битІараб нухде рачунеб гьел рацІцІалъизарулеб къуват. «Инжилалда» «Илагьияб РухІ» живго Аллагьлъун рикІкІун буго.
Иляс – ГІизраилалъул халкъалде витІарав ва гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабиялде данде къеркьарав кІудияв авараг. Аллагьас гьев чІагого зобалазде восана. ЖугьутІал ралагьун чІун рукІана МасихІ вачІиналъул хабар бицине гьев ракьалде тІадвуссиналъухъ.
ИсхІакъ – жугьутІазул умматалъул бетІерлъун рикІкІунев авараг. Гьев вукІана Ибрагьимилги Саратилги вас, ГІисилги Якъубилги эмен.
Ишая – нилъер эраялде щвелелде анкьабилеб гІасруялда Ягьудиялда вукІарав кІудияв авараг.
Кашиш – Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъоб динияб хъулухъ гьабулев чи.
Къабил – Адамилги ХІавалги цІикІкІарав вас, Гьабилил вац. ЖахІда ккун гьес жиндирго вац Гьабил чІвана.
Къайсар – Рималъул парччахІ, император.
Къанун – балагье: Мусал къанун.
КъотІи – «Инжилалда» гьеб ккола тІоцебе НухІ аварагасулгун, хадуб Ибрагьим аварагасулгун, ахиралдаги, Муса авараг гьоркьов ккун, жугьутІазул тІолабго халкъалъулгун Аллагьас гьабураб «НекІсияб къотІи». ГІисаца абулеб буго жиндир хвел кколин Аллагьасдаги гьесде иман лъураб халкъалдаги гьоркьоб «ЦІияб къотІиялъул» байбихьилъун.
Легион – Рималда 6000 рагъухъанасдасан гІуцІараб бо.
Лепта – бищунго гІисинаб пахьул гІарац, динаралъул 1/128 бутІа.
Лъадалъ ччун рахъи – гьеб букІана мунагьал чуризе ва кантІун Аллагьасде руссине гьабулеб динияб гІадат.
Магъало бакІарулел чагІи – Рималъул къайсарасул хазинаялъе халкъалъухъа магъало бакІаризе тарал гІадамал, гьединлъидал жугьутІазе гьел рокьулароан; къайсарасе магъало бакІариги рикІкІунаан хІакъ батулеб ишлъун.
Мажусиял – гІемерал «аллагьзабазде» иман лъурал ва Мусал къанун босичІел гІадамал.
МасихІ (Христос) – Аллагьас витІилин рагІи кьун букІарав абадияв ПарччахІ.
Мукъадасаб рукъ – Иерусалималда букІараб аслияб динияб рукъ (Храм, Байтулмукъадас). ГІицІго гьениб гурони къурбан хъвезе изну букІинчІо.
Муса – ГІизраилалъул цІакъго кІудияв авараг. Гьес цевехъанлъи гьабуна Аллагьас ГІизраилалъул халкъ Мисриялдаса къватІибе бачунеб мехалда. Аллагьас Мусахъе кьуна Къанун.
Мусал къанунМуса аварагасде Аллагьас рещтІарал гІемерал амруял ва жугьутІаз чара гьечІого цІунизе кколел, гьезул гІумруялъул киналго рахъал рихьизарулел гІадатал.
НекІсияб къотІи – балагье: КъотІи.
Ниневия – некІсияб ва гучаб Ассирия пачалихъалъул тахшагьар. Юнус аварагасул хІакъалъулъ тІехьалда бицунеб буго, мунагьаздаса инкар гьабун ва рекІекълъун, битІараб нухде руссинчІони, шагьар щущазабизе бугилан гьелъул халкъалда бицине Аллагьас гьев Ниневиялде витІанин абун. Юнус аварагасул вагІзаялъ Ниневиялъул халкъ кантІизабуна, гьезул шагьарги щущазабичІого хутІана.
Пасха – Мисриялда лагълъиялде ккун рукІарал жугьутІал, Аллагьасул цІоб лъун, зулмуялдаса тархъанлъараб заман ракІалде щвезабун, щибаб соналъ ихдал гьез тІобитІулеб кІудияб байрам.
Пилат Понтий – ГІиса МасихІил заманаялда Рималъул императорас Ягьудиялде витІун вукІарав сардар.
Рим – Италиялъул шагьар, кІудияб империялъул тахшагьар. ГІиса МасихІил заманаялда гьеб империялде гьоркьоре унаан Средиземнияб ралъдал рагІаллъабазда рукІарал гІемерал улкаби.
Саддукеял – жугьутІазул бечедал гІадамазги диниял бутІрузги гІуцІараб цо хасаб мазгьабалъул гІадамал. Гьез бетІерлъи гьабулаан диниялги сиясиялги ишазе, тІадегІанаб судалда гьоркьорги гІемерисел гьел рукІунаан. Мусал къануналде гурони, гьесдаса хадур рахъарал цогидал аварагзабазул ТІухьдузде иман лъолароан саддукеяз.
Самариял (Самариялъул халкъ) – Ягьудиялдаги Галилеялдаги гьоркьоб букІараб Самария вилаяталъул гІадамал. Гьел божулаан Аллагь цо вукІиналда, амма жугьутІазул къануналъул цо-цо рихьизариял къабул гьарулароан. Гьеб сабаблъун кІиябго халкъалъул рагІи дандеккунгутІи букІана, хІатта цоцазда аскІор гІодор чІун самариявги жугьутІавги квана-гьекъей мунагьлъун рикІкІунаан.
Сардар – жиндирго кверщаликь ругел вилаятазда Рималъул къайсарас тарав бетІер.
СаратИбрагьим аварагасул лъади. ХерлъизегІан лъимер гьабичІого хутІун йикІарай гьелъ, Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун, Ибрагьимие вас – ИсхІакъ гьавуна.
Синагога – какал разе ва Таврат (Мусаде рещтІараб тІехь) цІализе жугьутІал данделъулеб рукъ.
Содом ва Гоморра – Аллагьасул ццин бахъун щущазарурал шагьарал. Гьел рукІана Хвараб ралъдал рагІалда.
СулайманДавуд аварагасул вас, кІудияв гІакъил, парччахІ ва авараг. Иерусалималда Мукъадасаб Рукъ гьес бан букІана.
Таврат – «НекІсияб КъотІиялъул» тІоцебесеб щуго тІехь. Тавратилан абула Мусал къануналдаги.
Талант – бацІцІадаб гІарцул 30 кг – 6000 диргьам.
ТІадегіанаб суд – Иерусалималъул халкъалда гьоркьоб хІукму къотІулеб бищунго кІудияб идара.
Фарисеял – Мусал къанунги умумузул гІадатги цІуниялъе цІакъго хІаракат бахъулел гІадамаздасан Ягьудиялда гІуцІараб ва къадру-къимат цІикІкІараб динияб мазгьабалъул гІадамал.
ХІава – дуниялалда тІоцее йижарай чІужугІадан, Адамил лъади.
ЦІияб къотІи – балагье: КъотІи.
Чапар – ГІиса МасихІил бищунго цересел 12 муридаздасан цояв. Чапарилан абулаан, ГІисал амруялда рекъон, Рохалил хабар дуниялалда тІибитІизабизе тІаде босарав бокьарав муридасдаги.
Шамат – Мусал къануналда рекъон, шамат къоялъ кинаб букІаниги хІалтІи гьабизе гьукъула. ХІалхьи-рахІаталъе ва Аллагьасе тІагІаталъе кьураб къо бугилан рикІкІуна гьеб жугьутІаз.
ЮсупЯкъуб аварагасул 12 васазул цояв. Вацаз гьев Мисриялде лагълъун вичана, амма гьенив Аллагьас кІодо гьавун, тІолабго Мисриялъул кверщелчилъун вахъана.
Ягьудия – Палестинаялъул югалда букІараб пачалихъ. Гьелъул тахшагьар кколаан Иерусалим. ГІиса МасихІил заманаялда Рималъул кверщаликь букІана гьеб. ТІоцебе гьениб яшав гьабун рукІана Якъубил вас Ягьудал наслуялъул жугьутІал. Ягьудал наслуялъул вукІана кІудияв парччахІ ва авараг Давудги Давудил кьибилалъул чи ГІиса МасихІги.
Якъуб – Ибрагьимил васасул – ИсхІакъил – вас, ГІисил вац. Якъубил 12 васасдасан лъугьун рукІана жугьутІазул халкъалъул анцІила кІиябго наслу.

notes

[1]

1:21 - ГІиса (ЙешуагІ) абураб рагІулъ жугьутІ мацІалда «Бичас хвасар гьарула» абураб магІнаги буго.

[2]

2:11 - Мирра – хварав чиясда бахунеб махІгьуинаб нах.

[3]

2:18 - Рама – Бетлегьемалда гІагарлъухъ букІараб шагьар.

[4]

4:18 - Пётр – грек мацІалда «кьуру» абураб магІна буго гьеб рагІул.

[5]

5:22 - Вац – бокьарав чи, пуланав чи абураб магІнаялда.

[6]

6:13 - Гьаниб гьаб рагІул буго «илбис» абураб магІна.

[7]

8:28 - ЖугьутІазул гІадат букІана хварал чагІи кьурулъ рикІарал нохъазда рукъулеб.

[8]

9:23 - ЖугьутІазул гІадат букІана чи хвараб бакІалде щвантІих пулел гІадамалги магІихъабиги ахІулеб.

[9]

9:27 - Давудил умматалъул чи.

[10]

10:4 - Искариот (ИшкІерийот) – «КІерийот шагьаралдаса чи» абураб магІна буго гьеб цІаралъул.

[11]

11:21 - Тирги Сидонги – Средиземнияб ралъдал рагІалда рукІарал Аллагь лъаларел халкъаз яшав гьабулел шагьарал.

[12]

11:21 - Гьедин загьир гьабула жугьутІаз ракІ бухІун бугеблъи.

[13]

12:40 - Цинги хваралъуса вахъинилан абураб магІна буго гьалъул.

[14]

13:55 - ГІисал эбел Марямил рос Юсуп цІулал устар вукІана.

[15]

15:22 - Ханааналда яшав гьабулеб букІана Аллагь лъалареб халкъалъ.

[16]

16:18 - Гьаниб килисаялъул буго иман лъуразул агьлу абураб магІна.

[17]

17:20 - Инжилалъул цо-цо хъвай-хъвагІаязда ратула гьадинал калимабиги: 21 Амма доб тайпаялъул жундул рачахъизе кІола гІицІго дугІаялдалъун ва кІал кквеялдалъун.

[18]

18:22 - АнкьцІали – лъабкъоялда анцІго.

[19]

18:24 - Талант – бацІцІадаб гІарцул цІакъго кІудияб кесек. Даран-базаралъулъ гІарац гІадин хІалтІизабулаан гьеб.

[20]

19:12 - Ахта – чІужу ячине бажаруларев, бихьинчилъиялъул къуват чорхолъ гьечІев чи.

[21]

21:5 - Сионил яс – гьедин абулаан аварагзабаз Иерусалим шагьаралда.

[22]

21:9 - Гьошанна! – жугьутІ мацІалда «Ниж тархъан гьаре!» абураб магІнаялъул рагІи.

[23]

22:16 - Гьеродилал – Гьерод ханасул рахъ ккурал гІадамал.

[24]

23:5 - ЖугьутІаз как балеб мехалда рукьалда рухьуна гьединал чалуял.

[25]

23:5 - Как балеб мехалда ретІунеб гІабаялда гІертелал рукъун рукІуна.

[26]

23:23 - Гьаниб бицунеб буго закагІат бахъиялъул.

[27]

25:1 - ГІадаталда рекъон ясал бахІаралъул бакІалде унаан бахІарав вачІинегІан гьенир чІезе. Цинги, ракарал чирахъалги хъатикь ккун, бахІаралдаги бахІарасдаги цадахъ гьесул бакІалдеги унаан гьел.

[28]

26:25 - Дир МугІалим.

[29]

27:53 - Мукъадасаб шагьар, Байтулмукъадас – Иерусалим.

[1]

1:2 - Илчи – Аллагьас витІарав чи.

[2]

3:18 - КІанъанаъ – Рималъул къайсарасул парччахІлъиялда данде къеркьолеб букІараб къокъаялъул чи.

[3]

5:1 - Герасенал – Галилеялъул ралъдал рагІалда яшав гьабун букІараб халкъ.

[4]

5:3 - Гьесул чІейи букІана кьурулъ рикІун хабалазе гьарурал нохъазда жаниб.

[5]

10:51 - Я, Раббуни! – арамеязул мацІалда гьелъул магІна ккола: «Я, дир МугІалим!» яги «Я, бетІерчІахъад!»

[6]

13:14 - Гьелъул магІна буго: Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъоб мажусияз жидерго «аллагьзабазул» суратал лъела.

[7]

14:36 - Абба! – дада, эмен.

[8]

14:63 - ЖугьутІазул гІадат букІана, цо кинаб бугониги гІасилъи бихьараб мехалъ, тІад бугеб ретІел бихъулеб.

[9]

15:17 - ПарччахІзабазул букІунаан гьел ратІа рахъизе лъалеб бецІбагІараб гІаба.

[10]

16:2 - ГьатІан къоялъ.

[11]

16:9-20 - НекІсиял хъвай-хъвагІаязги хъвадарухъабазги нугІлъи гьабулеб буго «Маркица бицараб Рохалил хабар» гьаб бакІалда лъугІанилан. Гьединлъидал хадуб кьун бугеб кесек Маркица хъвараблъун рикІкІунаро. Амма гІадатлъун лъугьун буго гьеб бутІаги Маркица хъвараб тІехьалда гьоркьобе бачин.

[1]

1:16 - Исраилил лъимал – жугьутІал.

[2]

1:32 - ГІиса вукІана Давуд аварагасул наслуялъул чи.

[3]

2:4 - Бетлегьем (Вифлеем) – Давуд авараг гьавураб шагьар.

[4]

5:10 - Нужеца гІадамал жиндир диналде ахІилин абураб магІна ккола гьелъул.

[5]

6:15 - Зелот – румазда данде къеркьолеб букІараб къокъаялъул чи.

[6]

6:41 - Мунго гІадинав чиясул абураб магІна буго гьелъул.

[7]

10:4 - Заман гІадада хвезабугейилан абураб магІна ккола гьелъул.

[8]

10:13 - Гьедин загьир гьабула жугьутІаз ракІ бухІун бугеблъи.

[9]

10:32 - Левит – Иерусалималда букІараб Мукъадасаб Рукъалъул гьитІинав хъулухъчи.

[10]

11:42 - АнцІил бутІа – закагІат.

[11]

11:47 - Мазарал – хириял гІадамазул хобазда тІад зияраталъе гьарурал бакІал.

[12]

17:32 - Мунагьазул цІураб Содом шагьар Аллагьас щущазабилалде малаикас ЛутІ аварагасда лъазабуна хъизангун цадахъ гьениса лъутайилан. Амма нухдасан нахъруссун ралагьугеянги абуна. Зодисан рещтІараб цІаялъ Содом бухІулеб мехалъ нахъехун ялагьарай ЛутІил лъади цІамул хІубиялде сверана.

[13]

22:43-44 - Инжилалъул цо-цо хъвай-хъвагІаязда ратула гьадинал калимабиги: 43 Зодисан рещтІун малаикас гьесул ракІ къвакІизабуна.44 Гьебмехалъ рекІелъ кутакаб хІалуцингун дагьавги цІикІкІун гьардезе лъугьана гьев Аллагьасде. Бидул тІираби гІадин тІинкІулел рукІана ракьалде гьесул гІетІул гарал.

[14]

22:53 - ШайтІан-илбис абураб магІна буго гьелъул.

[1]

1:42 - «Кьуру» абураб магІна буго гьеб кІиябго рагІул.

[2]

5:4-5 - Гьаб бакІалда Инжилалъул цо-цо хъвай-хъвагІаязда ратула гьадинал калимабиги: ХІавузалъуб лъим гьелчезе лъугьинегІан ралагьун чІун рукІунаан. Бичасул малаикас, зама-заманаялдасан хІавузалъуве лъугьун, лъим гьелчезе гьабулаан, ва гьелчезе байбихьарабго тІоцеве гьеб лъадалъе лъугьарав чиясда тІаса унаан гьесул чорхолъ бугеб кинабгоги унти.

[3]

[7:53–8:11] - 53 номералдаса байбихьун 8 бетІералъул 11 номералде щвезегІан бугеб бутІа батула «Инжилалъул» гІемерисел некІсиял хъвай-хъвагІаязда.

[4]

8:24 - МасихІ.

[5]

10:22 - ЦІилъиялъул байрам – мажусияз кверде босун ва хъублъизабун букІараб Иерусалималъул Мукъадасаб Рукъ цІидасан баялъул байрам (нилъер эраялде щвелалде 164 сон).

[1]

2:1 - Пасхаялдаса хадуб кІикъоялда анцІабилеб къоялъ гьабулеб жугьутІазул байрам – тІощел лъилъизе байбихьулеб къо.

[2]

6:13 - Иерусалималъул Мукъадасаб Рукъ.

[3]

12:17 - ГІиса МасихІил вацгІал, Иерусалималда букІараб иман лъуразул агьлуялъул бетІер.

[4]

16:10 - Гьаб бакІалдаса байбихьун Лукаца хъвалеб буго живго гІахьаллъарал ишазул хІакъалъулъ.

[5]

18:18 - Аллагьасе назру – гьеб ккола лъеберго къоялъ бетІер къунцІиларилан жугьутІаз Аллагьасе рагІи кьеялъул гІадат.

[6]

25:11 - Рималъул гражданасул ихтияр букІана живго къайсарас гьабейин дие судилан чІезе.

[1]

9:13 - ГІис – Якъуб аварагасул кІудияв вац.

[2]

9:33 - Гьаниб «гамачІ» кьун буго «МасихІ» абураб магІнаялда.

[3]

11:4 - БагІал – мажусиязул гьересиаллагь.

[1]

5:7 - Пасхаялъул хасаб квание кьегІерги хъолаан, реччичІел чадалги режулаан.

[2]

6:19-20 - Гьаниб бицен гьабулеб буго гІаламалъулго мунагьал чуризелъун ГІиса МасихІ хвеялъул.

[3]

7:38 - Грек мацІалда «яс» ва «абурай яс» цого магІнаялъул рагІи бугелъул, гьаниб бицун батизе бегьула инсуца яс росасе кьолей йикІараб куцалъул.

[4]

15:45 - Гьаниб МасихІил бицунеб буго.

[1]

1:18 - Кефа – Пётрил цогидаб цІар.

[2]

3:17 - Павелица кагъат хъвараб греказул мацІалда «къотІи» ва «васият» цого рагІи ккола.

[3]

4:6 - Гьеб рагІи хъван буго арамеязул мацІалда. Гьелъул магІна ккола: «дада», «эмен».

[1]

2:2 - Аллагьасде гІагарлъизе гІадамазе квалквал гьабун зобалаздаги ракьалдаги гьоркьоб чІараб илбис.

[1]

3:18 - Аллагь разилъулеб ишлъун рикІкІунаан гьуинал махІал рахъинаризе кьеккен гьаби.

[1]

3:11 - Скифал – ЧІегІер ралъдадаса севералдехун гочарулеб букІараб некІсияб халкъ.

[1]

1:10 - Онесим – грек мацІалда «пайда бугев чи».

[1]

3:12 - ЦІулал, ганчІил ва махх-чараналъул гьарурал «аллагьзабазе» лагълъи гьабулел рукІарал мажусияздаса жал батІиял рукІин бичІчІизабизе иман лъураз абулаан жидер Аллагь «чІагояв» вугилан.

[2]

9:18 - Грек мацІалда «васият» ва «къотІи» абураб магІна цого рагІулъ буго.

[3]

11:30 - Бахъизе кІолареб хъалалъун букІараб мажусиязул Иерихон шагьаралъул къадал жалго риххун ана, Аллагьасде гьари-дугІаги гьабулаго ва чІахІиял лълъарал зурмабиги пулаго шагьаралда сверун исраилилал анкьго нухалъ хьвадун хадур.

[4]

11:31 - Иерихон сверун ккун бугеб мехалъ гьенире ритІарал исраилилазул кІиго жасусасе кумек гьабуна гьеб шагьаралдаса цо Рагьаб абулей гІаданалъ. Гьединлъидалин шагьар кверде босун хадуй гьей чІвачІого тарай. ХъахІба йикІиналъухъ балагьичІого, жугьутІаз гьей гьеб иш ккаралдаса хадуй лъикІай гІаданлъун рикІкІана.

[1]

2:25 - Гьелдаса азаргоялдасаги цІикІкІун соналъ цебе жугьутІазда ракІалда букІана Иерихон шагьар бахъизе. Гьаниб бицунеб буго гьеб заманалда ккараб лъугьа-бахъиналъул.

[1]

1:10 - Иман лъуразул агьлу Аллагьасе гІибадаталъе данделъулеб гьатІан къоялъ.

[2]

5:8 - ГІемерал чІваби ругеб музыкалияб алат.

[3]

11:19 - Муса аварагасул бихьизабиялда рекъон, некІсиял жугьутІаз, цо бакІалдаса цогидалде гочунаго, цадахъ босулаан Аллагьасдасан кумекалъул гІаламатлъун рикІкІунеб гъамас. Гьелда абулаан КъотІиялъул гъамасилан.

[4]

14:4 - ГІадат букІана тІоцебе гьабураб лъимер, Аллагьасе назруйилан абун, гьесие кьураблъун толеб.

[5]

16:16 - ЖугьутІазул мацІалда Гьармагеддоналъул магІна буго «Магеддон гохІ». Палестинаялъул Магеддон абулеб бакІалда ккана тарихалде гьоркьобе араб чанго рагъ.

[6]

17:1 - Гьаниб бицен гьабулеб буго мунагьал гІемераб Вавилон шагьаралъул.

[7]

19:1 - «Аллагьасе рецц!» абураб магІна буго жугьутІ мацІалда гьеб рагІул.

Сообщить об ошибке

Библиотека Святых отцов и Учителей Церквиrusbatya.ru Яндекс.Метрика

Все материалы, размещенные в электронной библиотеке, являются интеллектуальной собственностью. Любое использование информации должно осуществляться в соответствии с российским законодательством и международными договорами РФ. Информация размещена для использования только в личных культурно-просветительских целях. Копирование и иное распространение информации в коммерческих и некоммерческих целях допускается только с согласия автора или правообладателя